#Article 1: ХӀамзатил Расул (434 words)


ХӀамза́тил Расу́л яги Расу́л ХӀамза́тов (гьавуна 1923 соналъул 8 сентябралъ - хвана 2003 соналъул 3 ноябралъ) -  ккола магӀарулазул шагӀир, Дагъистаналъул АССРалъул Халкъияв шагӀир (1959), публицист ва сиясатчи. 1944 соналдаса нахъе ВКП(б)-ялъул член.

Дагъистаниязулги турказулги маданиялгун адабиял бухьеназул буго кӀудияб ва бечедаб тарих. Гьезул байбихьи уна хӀатта анцӀила лъабабилеб гӀасруялде щвезегӀан. БатӀи-батӀияб къисмат букӀана гьезул: цин загӀиплъун, цинги камиллъун, амма, сундухъго балагьичӀого, гьел кидаго церетӀолел рукӀана. Жакъа гьел бухьенал рахана цӀияб даражаялде, цӀилъана гьезул хӀасилги хасиятги ва гьениб кӀудияб, аслияб бутӀа лъугьана ХӀамзатил Расулил адабияб хӀаракатчилъиялъ.

Араб гӀасруялъул 50-абилел соназда байбихьана магӀарул шагӀирасул бухьенал Турциягун. Гьел соназда Расул вукӀана Дагъистаналъул хъвадарухъабазда гьоркьоса Турциялде щварав тӀоцевесев шагӀир. Хадуб гьев гӀемер ана гьеб улкаялде батӀи-батӀиял къокъабазда цадахъги живго хасаб сапаралъги.

Дагъистаналъул шагӀирас Турциялде гьарурал зияратаз квербакъулаан гьесул гьудуллъи-гьалмагълъи цӀикӀкӀиналъе, турказул жамгӀиябгун културияб дунялалда гьесул лъиданиги релълъенчӀеб гьунар гӀатӀидго тӀибитӀиялъе. Хасаб рокьигун, чӀухӀигун ралагьулаан Расулил адабияб гьунаралъухъ Турциялда бугеб дагъистаниязул жамагӀаталъул вакилзаби – гьеб улкаялъул ватӀанчагӀи.

Турциялда Расулил рукӀарал гӀемерал гьудулзабазда, лъале-хъвалезда гьоркьоб хасаб бакӀ кколаан гьеб улкаялъул машгьурал хъвадарухъабаз: Назим ХӀикметица, ГӀазиз Несиница, Яшар Кемалица, Демирташ Жейхуница ва цогидазги. Гьел ва гьел гурел цогидалги турк миллияб адабияталъулги култураялъулги вакилзабазда лъикӀ лъалаан Расул, ракӀ-ракӀалъ загьир гьабулаан гьесдехун букӀараб жидерго гьоркьоблъи, кӀудияб къимат кьолаан гьев машгьурав магӀаруласул напсалъеги гьесул хасаб гьунаралъеги. Гьелъие мисаллъун гьанир рачине бегьула хъвадарухъан ва жамгӀияв хӀаракатчи, турк адабияталъул классик Яшар Кемалица Расулида абурал гьал хадусел рагӀаби:

Амма Расулги хутӀулароан налъулавллъун турк гьудулзабаздехун ругел жиндирго хинал ва гьудуллъиялъулал гьорькорлъаби загьир гьариялда цеве. Гьев чӀухӀарав вукӀана турказул шагӀир Назим ХӀикметилгун букӀараб гьудуллъиялдаса, бетӀер къулулаан гьесул бахӀарчилъиялдаги къвакӀиялдаги цебе. Расулица кӀудияб къимат кьолаан ракълие, халкъалда гьоркьоб гьудулъиялъе, жиндирго къо бихьараб ватӀаналдехун ва гьелъул язихъаб халкъалдехун бугеб рокьуе рецц гьабун ахӀараб гьесул пагьмуяб гьунаралъе. Гьелдаго цадахъ гӀолохъанав Расулие рекӀее гӀолаан ХӀикметил поэзия, гьелъул гуманистияб хасият, философияб хӀасил, оригиналияб поэтика, гвангъараб ва такрарлъи гьечӀеб сипатлъи. КӀудияв гьалмагъасул шигӀрияб дунял, пикраби ва гьесул рекӀел хӀал лъикӀ ричӀчӀулаан магӀарул шагӀирасда, гьел тӀуранго данде кколаан гьесул жиндирго рекӀел асараздаги. 

Расулил асаралгун, гьесул бечедаб, такрар гьечӀеб гьунаргун турказул лъай-хъвай гьабиялъулъ жиндирго кӀудияб бутӀана лъуна Мазлум Бейханица. Гьес турк мацӀалде руссинаруна ва басмаялда рахъана «Дир Дагъистан» абураб тӀехьги (1984) кӀиго шигӀрияб мажмугӀги – «Лирика» (1986), «МагӀарул гӀор, гӀакълу гьечӀеб лъим» (1991). 

ХӀамзатил Расулил асарал турк мацӀалда басмаялда рахъи хутӀулароан тӀахьал цӀалулез, адабият бокьулез, критиказ гьезда тӀасан жидерго пикру загьир гьабичӀого. Гьезул рецензиябиги макъалабиги зама-заманалда раккулаан газетаздаги журналаздаги. Хасго кӀудияб кӀвар кьуна турказул цӀалулез «Дир Дагъистан» тӀехьалъе. Щай гурелъул гьениб авторасул адабияб гьунар рагьиялда цадахъ турказда бихьизабуна Дагъистаналъул гӀажаибаб дунялги, гьелъул гӀадамалги, нексияб тарихги, бечедаб култураги ва гь. ц. Адабияталъул гӀалимчӀужу Зарема Казбековалъ абухъего, гьеб тӀехь лъугьана турказе «Дагъистаналъул географиялдасанги тарихалдасанги бищунго лъикӀаб цӀалул тӀехьлъун».

 




#Article 2: Дагъистан (2006 words)


Дагъистан республика (Дагъистан) () — Россиялъул Федерациялда гъорлъ унеб пачалихъ.

Тахшагьар — МахIачхъала.

ХIукуматлъун рикIкIана 1921 соналъул 20 январалъ.

Дагъистаналъул гIорхъабазда руго: Азербайджан — бакъдасеб рахъалда, Грузия — къиблаялъулгун бакътІерхьул рахъалда, Чачан республика — бакътІерхьул рахъалда, гьединго Ставропол улка — хьундасебгун бакътІерхьул рахъалда ва Калмыкия — хьундасеб рахъалда.

Жакъасеб Дагъистаналъул ракь, ва цІикІкІунисеб бутIаялда мугIрузул Дагъистан, тарихалъулаб адабияталда жаниб батIи-батIияб цIаралдалъун рехсон буго. Гьеб гьедин рехсеялъе сабаблъун ккола, рагъун тIаде кIанцIарал ва гIагардухъа ругел халкъазда хурхараб, гьез жодорго мацIалдалъун кьун букIана гьелъие цIарал.

Цо-цо тарихчагIаз, Бакъдасеб Дагъистаналде цебе букIараб цIар «Албания» хIалтIизабула. ГIарабазул тарихчи Ал-Купица, X гІасруялъ Дагъистан рехсон буго «Ард ас-Сарир» абун, нилъер мацIалда «Тах-бакIалъул Ракь» абураб магIнаялда бугеб. Гуржияца Дагъистаналда цIар «Лекетия» абун хIалтIизабула.

Тарихияб Дагъистаналъул ракь букIана апшерон бащадаб чІинкІиллъиялде щвезегIан (гьанже Азарбижаналъухъ бугеб ракь).

Дагъистан буго Кавказалъул хьундасебгун бакъбаккул рахъалда, Каспий ралъдал рагIал ккун эхедехун. Жумгьурияталъул хьундасеб рахъалда буго — гIодоблъи, бакъдасеб рахъалда — мугIрузул ракьанлъаби ва КIудияб Кавказалъул мугIрул. Хьундасеб рахъалдаса бакъдасеб рахъалде щвезегIан ракьалъул халалъи бахуна гIага-шагарго 400 км, бакъбаккул рахъалдаса бакътIерхьул рахъалдехун — гIага-шагарго 200 км. Дагъистаналъ хьундасеб рахъалдасан гIурхъи гIахьал гьабула Иставрапал вилаяталъулгун ва Гъалмухъалъулгун, бакътIерхьул рахъалда Буртиялъулгун ва Гуржиялъулгун, бакъдасеб рахъалда Азарбижаналъулгун. Ракьдадасан ва ралъдадасан Дагъистаналъул гIорхъода буго щуго пачалихъ — Азарбижан, Гуржи, Хъазахъистан, Туркменистан ва Иран. Азарбижаналъулгун гIорхъода буго — Россиялъул бищун ахирисеб тIанкI (41°10' с. ш.).

Дагъистаналъул бакъбаккул рахъалда буго Каспий ралъад. Бакъдасеб ва гьоркьохъеб рахъалда руго КIудияб Кавказалъул мугIрул, хьундасеб рахъалдасан бабихьула Каспиялъул гІодоблъи.

Жумгьурияталъул гьоркьохъеб бутIаялдасан чвахула Терек ва Сулахъ гIорал. ГIаммаб куцалда Дагъистаналдалъул ракьалда руго 6255 гIор (гьелдаса 100 кIвар бугел, 25 км цIикIкIун халалъи бугел ва 100 км цIикIкӏун лъим бакIарулеб бакӏ бугел, 185 гIиссинал ва 5900 цIикIкIун цIакъго гIиссинал), гьездаса бищун чIахIияллъун ккола Терек, Сулахъ, Самур ва Рубас гIорал. Киналго гIорал Каспий ралъдал хурхараллъун рикIкIуна, кинго гьенире чвахулел 20 гIор гурони гьечIо.

Бакъвараб гьаваялда бан, Дагъистаналъул хьундасеб рахъ мискинаб буго гIоразул рахъалъан. Ругел гIоралги риидал хур-ахал лъалъазе хIалтIизарун, ралъдалъе раккуларо..

Бищунго лъим цIикIкIараллъун ккола мугIрузул гIорал, хехаб чвахи сабаблъун хасалоцин жал цIороларел..

Самур ккола Дагъистаналъул кIиабилеб кIудияб гIорлъун. Гьелъул кинабго жаниблъиялъул къадар ккола 7,3 азарго км². Баккулеб бакI буго Газал мухъалда. Самур гIорул лъималъул цIикIкIунисеб бутIа хIалтIизабула мадугьалихъ бугеб Азарбижан Жумгьурияталъ.

Сулахъ гIор лъугьуна, АваргІор, ГIандигIор ва Гъази-Гъумухъ гӏор жубаялдалъун. Гьелъул жаниблъиялъул къадар буго 15,2 азарго км².

Дагъистаналъул административиял цолъабазул (мухъазул ва шагьаразул) гIадамазул къадар тIолго

Дагъистаналъул гӀелмияб централъул хӀалтӀухъабаз щибаб соналъ тӀоритӀула батӀи-батӀиял мугӀрузулги, гӀатӀидракьалъулги районазде археографиялъул экспедицияби. Нилъер магӀарул росабалъ щибаб соналъ аниги тӀадеялдаса тӀаде цӀикӀкӀун гурого дагьлъулел гьечӀо нилъер рухӀияб бечелъи. Нижеца цӀех-рех гьабулел жалги руго гӀараб хӀарпаз хъвараб щиб букӀаниги. БукӀа гьеб гӀажамалъ хъвараб ялъуни гӀараб мацӀалъ хъварабниги. Щай гьедин цӀикӀкӀунеб абун суал баккизеги бегьула бокьарав чиясул? Щай абуни цебе коммунмистазул заманаялда гӀадин нижеца щибго жо нахъе босуларо кьеянги гьаруларо. Нилъер гӀадамал ругьунлъун руго рачӀарал чагӀаз кинабго жо нахъе босиялда. Амма нижеца жакъа къоялде щвезегӀан абизе кӀола цониги тӀамач нахъе босичӀин изну гьечӀого абун. Нагагьлъун цощинабго тарихалда хурхараб букӀа ялъуни мацӀалда, гӀадатазда хурхараб жо батани нижеца копия гьабула гьев бетӀергьанчиясул изнуялдалъун гӀицӀго. Гьесие бокьичӀони гьабичӀогоги тола. Дир гӀакълуялда рекъон дида кола гьедин батилин щибаб соналдаса соналде жалго гӀадамал рачӀуна жудорго бечелъиялъухъ балагьизе рачӀаян гьаризе. Щайгурелъул киназдаго лъалеб гьечӀо гӀараб алфавиталъ хъвараб жо цӀализе. Гьединлъидал тӀахьазул бетӀергьабазе жодоего буго кӀудияб интерес щибдай элда хъван бугоян балагьизе. Араб 2008 абилеб соналъул июль моцӀалда ниж щвана Хунзахъ районалде. Гьава-бакъги рекъон ккечӀого, рикӀкӀад ругел росабалъеги ине санагӀат рекъечӀого нижеца хӀукму гьабуна цониги цӀияб библиотека батилародаян аскӀоб бугеб ТӀанусире рахине. Росулъе рачӀунаго тӀоцеве данде карав чиясда цӀехана росдал дибир. Гьес ниж дибирасухъеги рачана. Ниже къваригӀараб жо лъайдал, гьевго чияс ниж рачана жиндирго рокъоре. ЦӀарги гьесда букӀана Дибиров МӀухӀамад. Гьес нижеда бицана гьел тӀахьазул хӀакъалъулъ дагьа-макъабго тарихги. ТӀахьазул бетӀергьанчи вукӀун вуго гьесулго эмен Дибирасул вас Насрудин (1910 — 1997гг), жиндир мунагьал чураяв. Жиндирго заманалъ гьев Насрудин вукӀун вуго цӀаларав чи. ТӀоцеве гьев цӀалун вуго гӀараб гӀелмуялъе жиндирго росулъ ТӀанусив. Хадуб Хунзахъги цӀалун вуго, гьенисан ун цӀалун вуго Унсоколо районалъул ХъахӀабросулъги. Гьенисан вусун хадув хӀалтӀун вуго ТӀанусиб росдал имамлъунги. Лъида цеве эмен цӀалулев вукӀаравали гьай-гьай васасда лъалеб гьечӀо. МухӀамадица бицанихъе Насрудинил букӀун буго лъикӀаланго кӀудияб библиотека. Эмен хун хадуб, гьел тӀахьал цереса цере ун, цӀакъ къанагӀатал жал гурони хутӀунги гьечӀо. Гьезда гьоркьоб, бер речӀарабго дида бихьана цо квералъ хъвараб даптар. Гьеб бугоан гӀажамалъ хъвараб. Гьелда жанир ругоан гӀемер батӀи-батӀиял вагӀзаби, туркаби, мавлидал. Гьездаго гьоркьоса бищунго кӀудияб асар дие кьуна тарихияб хъвай-хъвагӀаялъ. Гьеб бугоан гӀарабал Дагъистаналдеги рачӀун, гьенисан ТӀанусире рачӀиналъул хӀакъалъулъ хъвараб тарих. Гьеб гӀемер кӀудияб макъалаги гьечӀоан 15 тӀамач гурони. Дибиров Насрудиницаги гьеб хъван бугоан ТӀанусиса Къебедасул МухӀамад абулев чиясул тӀехьалдасан. «Гьабги хъвана ТӀанусиса Дибирасул вас Насрудиница 1988 соналъул 5 февралалъ», абун хъванги буго гьелъул ахиралда.

Къебедасул МухӀамадил гӀагарлъи цӀехедал нижеда гьезул чиги ватичӀо. Дица МухӀамадидаса изнуги босун гьелъул диего копияги гьабуна, бусинабуна магӀарул мацӀалде цониги хӀарп хисизеги гьабичӀого, бугеб къагӀидаялъ. Гьенир руго ва жеги ратизеги рес буго гъалатӀалги. Дица ургъун бахъараб жо гурелъул, бокьилаан, рес бугебгӀан мехалъ, бугеб къагӀидаялъ цӀалдолезухъе щвезеги.

ЦӀарги гьелда буго: ГӀинтӀаме вацал гьанже Cуракъатил зулму баян гьабизин.

Дагъистан букӀана цӀакъ берцинаб, гӀатӀидаб, боцӀуда баракат бугеб бакӀ. Жудор гӀадлу сабаблъиялдалъун Суракъатил хабар инеб букӀана. Энир рукӀана гӀемерал росаби. Эзул агьлуги букӀана кафурал, чӀухӀарал, къосарал хъанчий лагълъи гьабулел. Гьел киналго росабазул ханзабиги рукӀана къосарал, квешлъиялдалъун амру гьабулел, лъикӀалдалъун нагью гьабулел. Бищун шавкат кӀудияб росу букӀана ТӀанусиб абун. Энивги вукӀана кафурав, къосарав хан, бищунго квешлъиялъул ва шавкаталъул бетӀергьан. Эсда цӀарги букӀана Суракъат.
Дагъистаналъул бутӀрул рукӀана эсул умумулги ШартӀан, Авариз-хан, ГӀуммахан, Фирман шагь, Бакъир, Намрур, Байар, ТӀагьман, Сайид, ГӀамир, ФиргӀан, Хавашагь, Сафи, Шагь ГӀаббас, ТӀуруз, Хъадар шагь, ХӀарис хан.

Адам аварагасде щвезегӀан эсул умумул азаралда ункъоялда анцӀила ичӀго ругелила. Эсиеги (Суракъатие) букӀана кинабго дагъистаналъул хардж — магъало. Чергес вилаяталдаса бахъараб Шамхалалде щвезегӀан кинабниги боцӀул, тӀорщалил, гӀиял, хӀайваназул, хамил, пихъил хӀатта гӀанкӀудал ханазулцин букӀун буго. Щибаб соналъ кинабго ракьалтӀа гӀарцул лъабго гӀабаси букӀана.
ТӀорщалил цо-цо къали, гӀиял — нусидаса цо жо, хӀайваназул — нусго рукъалдаса цо оц, хамил — базар гьабулев чиясдаса кӀиго хамил туп, пихъил ахал ругел чиясдаса цо гьегь.
Чи чӀварав чиясдаса нусго гӀи букӀана, чияда ругъун гьабурав чиясдаса цо оц букӀана. Жо бикъарав чиясдаса цо оц букӀана. Кинабниги росдадаса щу-щу цӀе букӀана — ункъго багӀараб цо чӀегӀераб, щу-щу гӀиялъажоги букӀана.

Щибаб росдадаса цо-цо чуги цо-цо гӀакаги. Гьев ханасеги мутӀигӀаб букӀана кинабго Дагъистан, щибго инкар гьабичӀого кьолаан магъалоги.

Аварагасул инсул вацал ХӀамзатилги, ГӀаббасилги наслуялъул гӀадамал рахъун руго Мака-Мадинаялдаса гьиджра гьабун (200) кӀинусилъ тарих бугеб мехалда. КӀиазарго чигун цадахъ гъазават гьабизе капурзабигун рагъун, Аллагьасде таваккалги тӀамун жудорго шагьаралги тун, жал рижарал ракьалдаса хьулги къотӀун капурзабазул ракьалда ислам тӀибитӀизе гьабизе къасд гьабуна. Ал (гӀарабал) рахъиналъе сабабги букӀана жудода гъазаваталъул хиралъи лъайдал, жудода свера хъверун рагъ гьабизе капурзабиги ратичӀого, эл жудор ватӀан тун рахъана. Эзулги букӀана щуго къокъа. Лъабго къокъа ХӀамзатил лъималазул рукӀана — КъускъантӀиялде щвезегӀан. Энир чӀун бана цо дагьал сонал. Цинги энисанги къокъана щуазарго чигун цадахъ Гьундустаналде щвезегӀан.

Энирги чӀана цо дагьаб заманаялъ. Цинги гьенисанги рилълъана чӀечӀого Ширваналде щвезегӀан. Цинги энир чӀана рагъул алат къачӀалел — гӀарадаби, газаргъаби эл гурелги матахӀалги данде гьарулел. Дагъистаналъул капурзабазде ине къасд гьабуна эз. Эзул гӀадат букӀана жудор бищун кӀудияв ханлъун вугев чиясда хадур, киналго рекъон, дагӀба-рагӀи гьечӀого ине.
Бахъарабщинаб бакӀалда бетӀерги толаан жудоцаго абураб жоялда тӀад калам гьечӀого тӀубузабулев чиги.

Къамилухъ ХӀамзатил наслуялъул чи тана. Эсда цӀарги Гьишам хан букӀана — Амир ХӀамзатил вас. Гьелдаса нахъе жудор гӀадат мадат бекьана. Ханлъун тарав щинав чиясда Шамхал абураб цӀар кьуна. Цинги эл рагъана чӀахӀиял тӀелалгун, лебалал чуялгун. Рагъизе Дагъистаналде эл рачӀун ругилан лъараб мехалъ эл киналго капурзабазул боял данделъана. Къосарал аскаралги цолъана Дербент абулеб шагьаралда аскӀоб, гьел исламалъул боял нахъчӀвазе гучалдалъун.

Гьеб мехалъ бусурбабаца витӀана цо нусго лъикӀав бахӀарчи дол капурзабазул хӀал бихьизе. Эзда (гӀарабазул къокъаялда) дол (капурзаби) ратана жудодасаги гӀемер бахӀарчилъи цӀакъал. Гьеб мехалъ бусурбабазул ракӀал хӀинкъана, гьезиеги бокьана (бусурбабазе) балъго дол боял рихизе гьаризе. Цинги гьел хӀиллаялде ургъана. ГӀемераб квен-тӀехги гьабуна, гьоркьоб загьруги жубана. Гьеб загьруги букӀана бакьал тӀутӀулеб, черх гьоролеб. Гьеб мехалъ, капурзаби тӀаде къайгун гьеб квенги, дагьа-макъаб къайиги гъоркь тун эл бусурбаби лъутана. Дол капурзабазда эб тӀагӀам батараб мехалда гьез гьеб кванана. Гьелдалъун гьезул хвана ункънусазарого (400 азарго) чи. Гьелда хадуб Аллагьасул квербакъиялдалъун капурзабаз мугъ бана, бусурбабиги Дагъистаналде лъугьана. Рагъ гьабун Хайдакъ шагьарги бахъана. Гъазанфар абурав цо кӀудияв ханги чӀвана цойги гӀемерал бахӀарзабиги чӀвана гьенир.

Руччабиги куна энир, хӀалкӀун жалгоги энир парахалъана. Имамги ханасул тахиде вахинавун, гьенир гӀемерал росабиги рана, гьебги тахшагьарлъун гьабуна. Гьелда цӀарги КъалгӀатул Къурайш абун цӀарги тана.
Цинги Гъумекдерил ханзабазулгун загьираб рекъелги гьабуна. Цо дагьаб заманалдаса рекъелги бихун балъго тӀаде кӀанцӀун гьел Гъумекдерил агьлуго пассат гьабуна. Эзул киналго руччабиги мусаххар (махсароде ккуна) гьаруна.
Гьанже дол рачӀана Джабалул Джансиялде Хунзахъе. Эзул хан вукӀана Баяр, Суракъатил вас Нуцалхан абун жинда абулев. Эвги жиндирго рукъалъул агьлуги бачун, цойги кинабго гӀагарлъигун цадахъ Тушалъе лъутун анна.

Гьанже бусурбабаца гъазават гьабун магӀаруллъиялъул киналго рахъазулъ гӀемерал росабиги чӀунтизаруна, кинабго Дагъистаналда квершелги гьабуна. Гучалдалъун эзул бахӀарзабиги чӀвана, руччабиги лъималги асир гьаруна, кинабго боцӀи-хазинаги нахъе босана. Энив ханасул тахидаги чӀана Махсумбек, шайх АхӀмадил вас иманлъунги чӀана. Абулмуслим шайх эз кинабго дагъистаналда тасарруф гьавуна.
Цоял ккун, цоял чӀван росаби чӀунтизе гьарун тана. Эзул гӀадатги букӀана (бусурбабазул) жудоца бахъарабщинаб росулъ цо-цо хан толаан. АскӀовги толаан доздасан бергьунеб къадаралда жудорго солдаталги.

Гьанже дов Шамхалги чӀван Гъумекиб шагьаралда кинабго ракьалъул харжги босана, бусурбабазул закатги босана. Эзиеги мутӀигӀлъана кинабго Дагъистан.

Щибаб соналъ эсие рачӀунел харжазул баян:
Къарахъ жамагӀатал — щунусго гӀиялъажо ва цо гӀала; Кусрахъ жамагӀаталъ — лъабнусго гӀиялъажо ва цо гӀала; Гъирим — ункънусго гӀиялъажо ва цо гӀала; ЧӀамалал — цо нусго гӀи; ТӀиндиб — къого оц; ГӀурчуб — нусиялда лъеберго гӀиялъажо; Хундерил агьлоялдасан — анкьнусго къали ролъулги, анкьнусго гӀиги, лъабго къали гьацӀдалги; ГӀандадеридаса — цо оцги анкьго буртинаги; Гъадариса ва ГьаракӀуниса — хундерил бугелъул бащадаб; Тумал — рукъалдаса цо-цо ккуйги, цо-цо къали ролъулги; Михахич — гьебго; Костек — рукъалдаса цо-цо ччугӀа; Таргъу — рукъалдаса кӀиго сахӀ пиринчӀул; Губдан — нусго кви; Хайдакъ — нусиялда лъабкъого гамуш; Ускушиб ва ГӀахъушиб — нусго оц; ХӀурахъ — рукъалдаса гӀабаси; ЦӀадахӀариса — кӀикъоялда анцӀго оц; ГьамчукъотӀи — анлъго хӀама; Бакълъулал — лъеберго оц; РицгӀор ва Мукракь — лъабкъоялда анцӀго кви; Кудалиса — нусго гӀалаги нусго чуги. Гьал киналго харжал щибаб соналъ ХӀамзатилги ГӀаббасилги лъималада гьоркьоб бикьулаан.
Гьелдаса хадуб цо дагьаб заман ингун, дов Тушалде лъутун вукӀарав Суракъатил вац Байар вачӀана ЦӀунтӀаса бахъараб ГӀарчубе щвезегӀан боялги ракӀарун. Цо бецӀаб сордоялъ Хунзахъе лъугьана. РакӀал бусурманлъичӀого энир хутӀун рукӀарал чиязул рукъзабахъ боялги живгоги вахчун чӀана жудойго сверел, рес рекъезегӀан. Гьеб сордоялъ Абулмуслим шайхасул вас Абулмуслимида макьилъ бихьана капурзаби бергьун Хунзахъ ва гьениб пасалъиги ккун. Гьеб макьу бокьичӀогун эв радал вахъун Гъумекиве лъутана. КӀиабилеб сордоялъ капурзабаца эзул хан Амир АхӀмадги чӀвана. МагӀлумбекил вацасул васги чӀван эсул бетӀерги хъаладул къеда бан батун буго. Гьеб къоялъ киналго бусурбабазул къокъадул гӀемерав чи гъурана. Элги хадур мурадалде щвана, Баярги жиндирго инсул тахида гӀодов чӀана.

Гьебмехалъ бусурбабаздаги эздаги гьоркьоб гӀемерал рагъал ккана, питнаби халалъана. Къоло ункъго сон бана гьедин. ЦӀакъ рeкъзабиги къварилъана, бетӀербахъиги захӀмалъана, рагъги чӀалгӀана. Гьанже гьезда иман лъун исламалъулгун маслихӀат ккана, жалги парахалъана. Гьелдасан цо дагьал сонал ингун Гъумекдерил ханазабаздаги Хайдакъалъул ханзабаздаги гьоркьоб питна ккана. Гьереси, мацӀ гьаби, мехтел эб гуребги пасалъаби ккана эниб. Хайдакъалъул ханазаби МухӀаммадханги, Амир ХӀамзатги хундерил ханзабахъе кӀанцӀана, жал эзийги гьедана щибаб жоялъе эзда нахърилълъинилан. Гьеб мехалъ эзда гьоркьобги Гъумекдерил ханзабазда гьоркьобги ккана гӀемерал рагъал. Цинги хундерил ханас ритӀана гӀакълуялъул бетӀергьаби Кавтар шагьасухъе — Турк вилаяталде рекъел гьарун. Элги гьеб заманаялъ ГӀумарасхӀабасул Халифаталъулъ рукӀана. Цинги эзул къотӀи ккана цоцазулъ рекъон кӀиязулго тушманзабигун рагъизе. Эзул амруги вацазул бакӀалде ккана. Кавтар шагьасги абуна хундерил ханасул яс жиндирго васасе. ЦӀар чӀван кӀиясго къабул гьабуна кӀияйго кӀиясего кьуна. Гьеб мехалъ Кавтар шагь Гъумекиве вачӀуна туркалгун цадахъ бакъбаккул рахъалдасан. СартӀанги вахъана хундерил вилаяталъул боялгун Хайдакъалъул ханзабигун цадахъ бакъшинкӀул рахъалдасан. Эв кӀиявго эниве, Гъумекиве, щвана итни къоялъ, эбги рамазан моцӀалъул тӀоцебесеб къо букӀана. Гьанже рагъана гьел мажгиталда тӀаса бугеб хъалаялда жанирги чӀун. Энив эзул шагьидлъана лъабкъого чи. Гьеб къагӀидаялъ жудорго рухӀалги кьун, боцӀиги кьун, рагъана сафар моцӀ щвезегӀан. Гьеб мехалъ гьел гьеб хъалаялдаса ратӀа гьаруна шамат къоялъ Гъумекги чӀунтизе гьарун. Гъумекдерил ХӀамзатилги, ГӀаббасилги наслуялъул ханзаби ракьалъул рагӀаллъабазде ккана. Хайдакъалъул ханзабиги эзул бакӀалда чӀана. Кавтар шагьги, СартӀанги жудорго ватӀаналде руссана. ХӀамзатилги ГӀаббасилги наслуялъул хӀакъикъат гьадин ккун буго. Гьелъул тарихги гьаб буго (718 /) анкьнусиялда анцӀила микьабилеб сон буго.

XVII—XVIII гIасрабаз Дагъистаналда рахъана, Кавказалда гуребги, тIолалго бакъбаккул бусурбабазул улкабазда машгьурал исламиял гIалимзаби. Гьединаздасан кколаан Гъолодаса Малла-МухIаммад, Къудукьа Мусал МухІамад (Мусалав), Кьохъа Салман, ГІободаса ШагІбан къади, ГІаймакиса Абубакар, Усищиса Давуд, Убраялдаса МухІамад, МачІадаса ХІадис, ГІурадаса Ибрагьим-хІажи ва гьел гурел гIемерал цойгидалги. Гьезул щивас хъварал гIелмиял хIалтIабиги руго, бакIалда, гIадамазда рекъарал, мазгьабалда жанир рахъарал хIукмабиги руго. ХIасил, гьел цого-цо цере арал гIалимзабазул хIалтIабиги цIалун, гьелги малъун чIечIо, гьез жеги тIаде щибаб гIелму гIатIид гьабуна, гъварилъуде раккана.

 




#Article 3: Къудукьа МухІамад (121 words)


Къудукьа Мусал МухӀамад ялъуни  Къудукьа Мусалав (ХӀажи МухӀаммад бину Муса бину АхӀмад аль-Къудутли аль-Авари аль-Дагъистани) (гӀурус мацӀалда Мусалав из Кудутли, Мухаммед Мусалав-Кудутлинский ; 1652 — 1717) гьавуна Къудукь росулъ (гьанжесеб Хьаргаби сверухълъиялда) мискинав магӀарулав машгьурав гӀалимчи Мусал хъизамалда. Гьев, къанагӀатаб бегӀераб пагьмуялъул, бергьун цӀакъ цӀодорав вас цӀалана цин жиндирго эмен Мусахъ, цинги Дагъистаналъул бищунго лъикӀал устарзабазухъ, хадув анкьго соналъ цӀалун вуго Маккаялда Йеменалдаса гьенив цӀар рагӀарав гӀалимчи СалихӀил мадрасаялда. Бергьарав гӀалимчиги вахъун, Мусалав вачӀун вуго Дагъистаналде ва тӀолабго гӀумру гьес кьун буго магӀарулазда гьоркьоб лъай-гӀелму тӀобитӀизабиялъе. Гьес нахъе тараб бечедаб гӀелмуяб ирсалда гьоркьоб руго ГӀарабалдаги Авар мацӀалдаги хъварал шигӀруял асарал. Гьев ккола МагӀарулазул хъвавулаб адабияталъе кьучӀ лъурав тӀоцевесев рагӀул устар. Мусалав хун вуго, Макка-Мадинаялде унаго, Халабала-Алеппо шагьаралда. Гьениб буго гьесул хобги. 

  




#Article 4: Аварал (159 words)


Аварал ялъуни магІарулал ккола Кавказалъул миллатазул цояб, тарихияб къагІидаялъ жидеца гIумру гьабун бугел Дагъистаналъул ракьалъул кIудияб бутIаялда, Буртиялъ, Гъалмугъалъ ва цогидал россиялъул ракьаздаги; ва гьединго Азарбижаналдаги (Билкан, Закатала ва КъахIиб мухъазда). Аваразлу диаспораби руго Хъизихъалдаги ва Туркиялдаги. Авазалул миллат ккола Дагъистаналъул бищун кІудияб миллатлъун. Кинабниги авар халкъалъул къадар бахуна 1 млн. чиясде, гьезул 912 090 чи вуго Россиялда. Миллияб мацІ — Авар мацІ.

Закаталаялда нижеца бана кIиго анкьгIанасеб заман. Нижеда дандчIвана гIемерал батIи - батIиял гIадамал. Ниж щвана гIемерал магIарул росабалъе - ЧIарихъе, Лъебел-убаялде, КIатIихъе, МацIихъе, Динчиялде, Къабахчолибалде ва гь.ц. Нижеда бицана гIицIго Закаталаялъулги Билканалъулги - кIиябго районалда 115 азариде гIунтIун авар халкъ бугилан. Гьеб дагьаб халкъ гуро. Гьединлъидалги батизе ккола, дир рекIее хIаталдаса ун асар гьабураб жо ккана гьезда жидерго магIарул мацIги магIарул гIадатги бацIцIадго цIунизе кIун букин. ЦIали ва хъвай-хъвагIай гьениб къажар мацIалда гурони гьечIо, школалда предмет хIисабалдацин авар мацIги малъулеб гьечIо, рахьдал мацIалда газета, тIехь, радио гьаниб гьечIо, амма рокъобги къватIибги бицунеб жо магIарул мацI буго.

  




#Article 5: МахІачхъала (137 words)


МахIачхъала (, ) — ккола Россиялъул жанубалда бугеб шагьар, Дагъистан жумгьурияталъул тахшагьар, халкъалъул рикIкIеналъул рахъалъ Шималияб Кавказалъул регионалда лъабабизе иргаялда бугеб ва  Шималияб Кавказалъул федералияб округалъул чIахIиял шагьараздаса цояб. 

Жакъа шагьар бугеб бакI гIуцIцIана 1844 соналъ, гIурусазул рагъул щулалъиялъул мурадалда ва гьелда цIар букIана Петровское.

Жакъа къоялда жаниб шагьар бугеб бакI, мугIрузул халкъазда гьоркьоб лъалеблъун букIана Гьоркьохъел гIасрабазул заманаялдасанго, Анжи-Хъала абураб цIаралда гъоркь — гьелъул магIнаги ккола «луълуъалъул хъала» - абураб, лъарагI мацIалдаса буссинабуни.

МахIачкала — ккола бищун гIадамал жанир цIикIкIараб шагьарлъун Шималияб Кавказалъул Федералияб Округалда, ва гьединго хеккого гIолел Россиялъул чIахIиял шагьараздасаги.

Шагьаралда руго, киналниги дуниялалда ругелщинал динал ккурал гIадамал, цого-цо буддизмалъул гьечIо. ЦIикIкIунисеб бутIа (90 %) ккола бусурбаби суннитал. Шагьаралда буго, Европаялдаго бищун кIудияблъун рикIкIунеб ЖумгIа мажгит. Гьединго шагьаралда буго христианазул — Свято-Успенил кафедралияб килиса. Гьанже бан бахъана, Ермошкина къотIноб жугьутIазе магIбадги.

МахIачхъала шагьаралда гIумру гьабулеб буго 572 076 чияс											

 




#Article 6: Авар мацІ (4708 words)


Авар мацӀ () яги магӀарул мацӀ () ккола Бакъбаккул Кавказалда (тарихияб Аваристаналда) жиб бугеб Нахгун-Дагъистаналъул хъизаналъул, Авар-гIандисезул-цІунтІасезул гIаркьелалъул Авар-гIандисезул къокъаялъул мацIлъун.

Авар мацІ тІибитІун буго аслияб къагІидаялъ Дагъистаналда ва ЦІоралда, буго гьединго Чачаналъда, бакъбаккул Хъизихъалда, ва Туркиялда ругел авар мужагьирзабазда гьоркьоб. Ккола Дагъистаналъул расмиял мацІазул цояблъун, гьединго Дагъистаналъул бакътІерхьуда, ай тарихияб Аваристаналда бугеб лингва франкалъун (БолмацI). Авар адабияталъулаб мацІалъул кьучІалда буго гьебго БолмацI — магӀарухъ гӀумру гьабун ругел гьитӀинал тухумазул ва тайпабазул жидедаго гьоркьоб бо (аскар) бакӀарараб мехалъ бицунеб букІараб мацӀ, жибги авар мацIалъул шималияб тІадкаламалде гъорлъе кколеб. КІалъалезул къадар бахуна цо миллионалде.

Авар мацІалъул фонетикияб гІуцІиялда буго гІатІидаб рагьукъал гьаркьазул (консонантазул) система, жиндида жаниб къвакІаралги (геминатал) лабиалиял рагьукъалги ругел. Рагьараб гьаракь адбияталъулаб авар мацІалда буго щуго, гьел руго гІадатал, кирго абула кӀудияб хиси ккечӀого, ай аллофонлъи гьечӀого, амма адабияталъулаб мацІалде бищун гІагараб кколеб хундерил мацІалъул сверелалъул гаргаразда дандчӀвала халатал рагьарал гьаркьалги.

Морфологияб гІуцІи буго аглютинантияб, жинда гьоркьоб формантаздалъун рагІи хисиги флексияги бугеб. Буго гІатІидаб игІрабазул система: гьезул 4 — гІадатаб игІраб: аслияб, актив, хаслъул ва кьовул; 24 — бакІалъул игІраб: чІовул (локатив), рачІул (аллатив), ратІалъул (аблатив ва транслатив). Синтаксисалъул системаялда жумлаялъул гІуцІи буго гІемерго эркенаб.

Лексика аслияб къагІидаялъ буго жиндирго, буго гьединго цогидал мацIаздасан рачIарал рагIабазул гІатІидаб гъат. ГIемерисел рагIаби рачIарал руго гьоркьохъел гIасрабаздаса байбихьун гІараб, тюрк, парс мацІаздасан, XIX гIасруялдаса гІурус мацIалдасаги (гьенисанго халкъаздагьоркьосеб лексикаги).

Авар мацIалъул буго чанго сверел, гьел рикьула хьундасеб ва бакъдасеб тІадкаламазде. MацIалъул свералабазда гьоркьоб буго фонетикияб, морфологияб ва лексикияб батIалъи. Стандартияблъун ккола шималияб тІадкаламалде гъорлъе унеб адабияталъулаб мацІ.

Авар мацІ тIибитIун буго, Дагъистаналда: магІарулазул Хунзахъ, Бакълъул, Гъуниб, Казбек, ЛъаратІа, Унсоколо, ЧІарада, Шамилил мухъазда, гьединго Болъихъ, ГІахьвахъ, ЦІумада ва ЦIунтIа мухъазда; Дагъистаналъул Бабаюрт (21 %), Шурагьиб (27 %), Гъизилюрт (83,9 %), Лаваша (25 %), Хасавюрт (33 %), Гъизляр (46 %), Тарумасул (35 %), ЦІияблак (23 %) ва Рутул (ГьочотIа росу) мухъаздаги, гьединго МахІачхъала (26 %), Гъизилюрт (70,88 %), Гъизляр (21 %), Салануб (46 %), Хасавюрт (30,66 %), Шура (45,79 %) шагьараздаги. Азарбижаналъул хьундасеб (шималияб) рахъалда (магIарул ЦIоралда), Чачаналъул Шарой мухъалда 54,49 %, (Кванхи ва Бути росаби), Гуржиялъул хундасебгун бакъбаккул рахъалда ва Туркиялда гIумру гьабун ругел магІарулазда гьоркьоб.

Россиялда магIарул мацIалда кIалъалезул къадар бахуна — 715 297 чиясде (2010). Гьеб рикIкIеналда гъорлъе рачун руго гІандигун цез мацІазда кІалъалел цо чанго росабазул гІадамалги, жидеца кІиабилеб мацІлъун авар мацІ хІалтІизабулеб букІиналъ. Рахьдал мацI бицунеб гIадин авар мацI бицунезул къадар бахуна гIага-шагарго — 703 азар. чиясде (2010), 65 азаргогІан авар мацІалъ кІалъалев чи вуго Дагъистанги Азарбижанги тун къватІихун.

Аваразул гІемераб къадар кІалъала кІиго мацІалда: жибго авар мацІалдаги гІурус мацІалдаги. Дагъистаналда ругезул гІурусалъ кІалъалезул къадар бахуна 63,3 %, Азербайджаналда ругезул — 9,3 %, ахиресезул 68 % ккола къажар мацІалда кІалъалел. ЮНЕСКО-ялъул классификациялда рекъон авар мацІ буго жиб тІагІине бегьулеб мацІлъун.

ГIурус армиялъул генерал А. А. Неверовскиясул 1847 соналъ гьабураб хъвай-хъвагIиялда буго:

Аварал кидаго мугIрузда бищун къуватаб халкълъун букIиналъ, гьез Дагъистаналъул бакъулъ бакI кколеб букIиналъ, гьезул мацI лъугьана гьеб мухъалъул халкъазда гьоркьоб бищун тIибитIараблъун. Киназдего гIунтIун магIарулазда кIола авар мацIалда кIалъазе ва жидедаго гьоркьоб кIалъазе хIалтIизабула.

Нуцалзабазул заманалдаги, имаматалдаги авар мацIалда цадахъ тIибитIун букIана ГІараб мацІ, гьеб хIалтІизабулаан диванханаялъулги сиясаталъулги ишал тIуразе, авар мацІ (болмацІ) букIана жамгІияблъун.

Жакъа къоялдеги Авар мацI буго Дагъистаналъул бакътIерхьуда бугеб лингва франкалъун. МагIарул мухъазда авар мацIалда буго байбихьул школазда дарсал кьей, гьоркьохъеб школалда авар мацIалъул ва адабияталъул дарсал руго. Гьединго авар мацI малъула Азербайджаналда ва Дагъистаналда ругел аварал цIикIкIанисел ругел школабазда. Авар мацI лъазе гьабулел къокъаби руго Дагъистаналъул вузаздаги.

Россиялъул империялъ кверщел гьабилалдего, магIарул росабалъ рукIана мадрасаби. ТIоцебесел школаби рагьана 1866 соналъ Хунзахъ, 1891 соналъ Болъихъ, 1899 соналъ Гъуниб.

Авар мацIалда къватIире риччала гьунарияб ва жамгIиябгин сиясияб адабият: «ХIакъикъат», «Цолъи», «Кьоял» ва 14 мухъалъул казиятал, журналал, буго гьединго радио ва телевидение. ХIалтIула авар мацIалда музыкалиябгин драматикияб театр ЦӀадаса ХӀамзатил цIаралда бугеб (1935 соналдаса).

Авар мацIалъул сверелал адабияталъул мацIалдаса гIемерго ратIалъарал руго.: халатал ва къокъал латералиял абруптивиял аффрикатал данде лъей, ункъабилеб грамматикияб класс букІин, жиндир гІаламатлъун р- суффикс бугеб ва ц.

XVII—XIX гІасрабазда шималияб тІадкаламалъул аслуялда лъугьана болмацІ — мацІазул свералабазда гьркьоб бугеб кІалзул калам. Гьениб аслияб роль буго хундерил диалекталъул, жиб бищун камилаблъун рикІкІунеб букІараб. БолмацІ лъугьиналъе рукІана рагъулабгун сиясатияб ва экономикиял гІиллаби, авар миллат цолъи, нуцаллъиялъул къуват цІикІкІин.

Гьеб мацІалда, цо-цо свералабузул сипаталги жинда гъорлъ дандчІвалеб, хъвалел рукІана XVII—XVIII гІасрабазул хъвадарухъабаз ва шагІирзабаз жидерго асарал, гьебго мацІ хІалтІизабулаан XIX ва XX гІасруялъул байбихьуда рукІарал шагІирзабаз, жал шималияб тІадкаламалъул кколел рукІарал: БакьайчІиса ЧІанкІа, ХъахІабросулъа МахІмуд, Ругъжаса Элдарилав, МестІерухъа НурмухІамад, Инхоса ГІалихІажияв ва цогидалги. Халкъиял кІучІдулги, мисалалъе Хочбарил хІакъалъул гІадинал, хъварал руго болмацІалда.

XX гІасрулъул кІиабилеб бащалъиялдаса авар адабияталъулаб мацІ цебетІеялъе кІудияб хІалтІи гьабула ЦІадаса ХІамзатица. Гьеб заманалда авар мацІалъул къамусияб гІуцІиги терминалогияги бечелъулеб букІана жиндаго жаниб цІиял рагІаби лъугьиналдалъунги, цогидал мацІаздаса рагІабазул тармажа гьабиялдалъунги, семантикияб рахъалъ лъугьунел хис-басалдалъунги.

Нилъер заманалда адабияталъулаб мацІ цебетІеялъе кІудияб хІалтІи гьабуна ХІамзатил Расулил, ГІалилазул Фазул ва цогидал аваразул шагІирзабазул ва хъвадарухъабазул прозаялъ ва асараз.

ТІоцебесеб авар мацІалъ хъварал хъвай-хъвагІаби ккола гуржи хатІалъ хъанчабазда гьарурал. XV гӀасаруялдаса байбихьула гІараб хатІги кьучІалъе лъун гьабураб гІажам алипба хІалтІизабизе. 1928—1938 соназда авар мацӀалъе хӀалтІизабулаан латин алип. 1938 соналъ гьеб алип бачана кирилицалде, ва жакъа къоялъги гьелдаго буго.

Аслияб авар алипбаяалда буго кинабниги 46 кириллицаялъулаб хІарп, гьезул 33 буго гІадатаб, ай цогидаб гІаламат жинда цадахъ гьечІеб хІарп, хІутІараб 13 хІарп буго жубараб, цогидаб гІаламат цадахъ бугеб (Гъ, Гь, ГІ, Къ, Кь, КІ, Лъ, ТІ, Хъ, Хь, ХІ, ЦІ, ЧІ). Алипбаяалъул 40 хІарп хІалтІизабул авар мацІалъул 51 гьаракь (жал рагьукъаб + в хІарпал цадахъ лъун бихьизабулеб 21 лабиалияб гьаракь рикІкІинчІого) бихьизабизе, ункъго хІарпалъ бихьизабула  + рагьараб гьаракь (Е, Ё, Ю, Я), цо хІарпалъ (Ь) гьаркь кьоларо ва хъвала гІурус мацІалдаса рачІарал рагІабазулъ, гьединго гІицІго гІурус мацІалдаса рачІарал рагІабазулъ хъвала Ы. Щуго рагьараб гьаракь бихьизабула А, Е/Э, И, О, У хІарпаз. Жал хІалтІизарулеб кІиго батІияб къагІида буго кІиго хІарпалъул: Е хІарпалъ рагІул байбихьуда ва рагьараб гьаракьалдаса хадуб бихьизабула +, хутІарал бакІазда — жибго  гьаракь; Ъ хІарпалъ бихьизабула  гьаракь, гьединго хІалтІизабула рагІулърагьукъаб гьаракьалдаса хадусеб рагьараб гьаракь батІа гьабизе. Тамахаб ишара Ь хІалтІизабула цогидал мацІаздасан рачІарал рагІабазулъ; гьелъ гІурус мацІалда бихьизабулеб хІарп тамахлъи авар мацІалда гІечІо.

Авар мацІалда бугеб 46 рагьукъаб гьаракь бихьизабизе хІалтІизабула хІалтІизабула 36 алипалда бугеб (гьезул 13 жубараб) ва 9 кІирекъараб хІарп.

ГІадатал рагьукъал гьаркьал гурелги, авар мацІарда руго къвакӀарал/кӀилъарал рагьукъал гьаркьалги (ялъуни геминатал), амма алипбаялда гьеб 14 геминаталъул ункъгояб гурони бихьизабун гьечӀо хасаб хІарпалдалъун: Къ, Кь, Хъ, Щ (, , , ); хутӀарал гьаркьал рихьизаризе хІалтІизарула кӀирекъарал, ай кІи-кІи цадахъ хъварал хІарпал. Жидеца хассал гьаркьал рихьизарулел рукӀаниги, гьел кӀирекъарал хӀарпал алипалда рихьизарун гьечӀо.

КъвакIарал рагьукъал гьаркьал авар мацІалда гIемерал рагIабазулъ руго, амма хъвалаго гьел киналго гаркьал кIирекъарал хIарпаздалъун рихьизаруларо. Гьанжесеб авар мацІалъул орфографиял асасазда рекъон, рагІулебщинаб бакІалда хъвала Кк, КIкI ва Чч (,  ва  фонемаби), хутІарал кирекъарал хІарпал хъвала хадусел бакІазда.

Авар мацIалда буго 23 лабиаллъарал, ай кIутIби цебе цутIизарун бахъулеб рагьукъаб гьаракь, гьезул цохIо  гьаракьалъе буго алипбаялда хасаб хІарп — В; хутIарал лабиализациял рагьукъалгьаркьал рихьизарула цогидал рагьукъал ва В хIарпал кІирекъон хъваялдалъун (рагьукъаб + в); гьел хIарпал рихьизарун гьечIо алипбаялда.

Авар мацІалъул гІуцІиялда руго гІемерал рагьукъал гьаркьал, руго цІарул классал, гІемерал бакІалъул игІрабал, эргативияб конструкция.

Фонетикаялда билъараб жо буго цо ккураб гьечІеб тІадецуй, жиндица магІна батІагьабиялъул роль хІалеб. Грамматикияб системаялда руго тарнзитивиялгун интранзитивиял фигІлаби, такрарлъул фигІлаби; рес буго фигІлу-предикаталъул аналитикияб формаялда кІилъараб норминативалъул конструкция лъугьине (мисалалъе — Инсуца хур бекьулеб буго / эмен хур бекьулев вуго); хІаллъаялъул фигІлабазул субъект суперлативалдалъун (локативалдалъун) бихьизаби; кІиго контрастияб конструкция — эргативияб ва номинативияб — транзитивияб фигІлуялъул функциаллъиялда букІин ва ц.

Авар мацӀалъул фонетикалъул системаялда, лабиалиял рагьукъал рикӀкӀинчӀого, буго 44 рагьукъаб гьаракъ.

Бахъулеб бакӀалде багьалун, авар мацӀалъул рагьукъал гьаркьал руго:

Бахъулеб куц хӀисабалда рагъукъал рикьула 6 тӀелалде:

Гъугъал лугби гъункун рахъулел кІутІбузулалги дабзазул бакьулъ бакІалъулалги рагьукъал руго аспиратиял, ай жал абулаго акустикияб гьаракь лъугьунел (хІухьелалде тІадецуй), амма авар мацІалда аспирация лезгин мацІазде данде ккун, буго загІипаб.

Авар мацІалда буго гьединго рагьукъал гьаркьазул лабиализацияги. Орфорафияб къагІидаялда гьеб бихьизабула В хІарпалъул кумекалдалъун (рагьукъаб + в). Усларица жиндирго авар мацІалъул грамматикаялъул жузалда лабиализациялъул бакІалда рехсон руго дифтонгал, ай кІирекъарал рагьарал хІарпал, амма гьенжесел лингвистаз рикІкІунеб буго авар мацІалда лабиализация букІин, гьелъие хІужжалъунги буго авар мацІалда жиндирго рагІул байбихьуда киданиги кІиго рагьукъаб гьаракь дандчӀвангутІи. Гьединлъидал гІемерисел рагІабазул байбихьуда хъвалеб рагьукъаб + в кколаро кІиго батІаго бугеб рагьукъаб гьарклъунь, гьеб ккола цо . Авар мацІалда лабиализатия киданиги данде чІваларо рагІул ахиралда; кІутІбузул рагьарал гьаркьазда цебе гьеб тІагІуна: гъветІ — гъутІби (гІ. ф.).

Авар мацІалда буго 5 рагьараб гьаракь: , , , , , гьез гІуцІцІула щуго бутІаялъул лъабокІонаб система:

Авар мацІалда кьабизаби буго загІипаб эспираторияб; гІемерисеб гьеб тІаде ккола рагІул тІоцебесеб яги кІиабилеб къотІелалда, рагІабазул къотІелазул къадаралда бараб букІунаро; фигІлуялъул гьечІолъиялъул формаялда кьабизаби букІине бегьула лъабабилеб яги ункъабилеб рагІул къотІелалда тІад. ГІемерисел рагІабазулъ кьабизби букІуна хьвадулеб, ай рагІул бокьараб къотІелалде тІаде ккезе бегьулеб: гомог — гонги́л. Кьабизабилъул хьвадиялдалъун хисула лексикияб магІна: ра́гІи — рагІи́, кьабизабиялъ хисизабизе бегьула грамматикияб магІнаги: ру́гънал () — ругъна́л (ругъун рагІул хаслъул игІраб), лъикІлъи́ (цІар) — лъи́кІлъи (масдар).

Авар мацІалъул жиндирго рагІабазул байбихьуда киданиги букІунаро кІиго рагьукъаб гьаракь цадахъ, лъабго яги гьелдаса цІикІкІун рагьукъал рагІул ахиралдаги рукІунаро (къанагІатал гьоркьоса рахъиял — н--р тайпаялъул комплексал: тIонтIро, жинжра, къункъра). РагІуда жаниб лъабго рагьукъаб букІуна кІиго морфема цураб бакІалда яги редукция лъугьараб бакІалда: данд-базе, ханжар — хунжрул ().

Авар мацІалда буго анкьго рагІул къотІелалъул тайпа, гьезул кІиго ккола рагьараб (V), хутІараб щуго — къараб (C). Рагьараб рагІул къотІел ккола ахиралда рагьараб хІарп бугеб; гьеб гІуцІун букІуна цо рагьаралдаса (Р): а (ине глаголалъул тІалабияб наклонение), у; рагьукъабги рагьаралдасаги (КъР): къо, кьо. Къараб рагІул къотІел гуцІун букІуна: рагьараб ва рагьукъаб (РКъ) — ах, их, иц; рагьукъаб, рагьараб ва кІиго рагьукъаб (КъРКъКъ) — гІемерисеб ахиралда бугеб рагьукъазул цояблъун букІуна сонорияб м, н, л, р яги й — къверкъ, пинкь; рагьукъаб, рагьукъаб, рагьараб, рагьукъаб (КъКъРКъ) — стаж, стол. ТІоцебесеб ункъго тайпа буго бищун гІемер дандчІвалеб.

РагІул кьибилалъул тайпаби:

Цогияздаса лъугьунарел фигІлуялъул аслуял: V (ине), CV (кке-зе), CVC (лъу-гьи-не; гьанирго рачІуна бабихьуда жинсиял гІаламатал ругел фигІлабиги: в-ачI-ине), CVRC (гьурщ-изе).

Авар мацI ккола аглютинантияб мацI, жинда гъорлъ дагьабго формантаздалъун рагIи хиси ва аналитизм (хадурегІелал ва кумакалъул фигІлаби) бугеб. Авар мацIалъул каламалъул бутІаби рикьула кIиде — жалго жидедаго чIараздеги кумекалъулаздеги. Жалго жидедаго чIаразде гъолъе уна: цІар, сифат, цІарубакІ, рикІкІен, фигІлу ва .

ЦІаралъул буго 3 жинс (чиясул, чІужуялъул, гьоркьохъеб), цолъул ва гIемерлъул форма, лъабго свери. Сифатазул буго лъабго жинс, цоялъул ва гIемерлъул форма, игІрабазде рекъон свери. ЦІарубакІал ва рикІкІенал ратІагьарула цІарулал бутІазбаздаса семантикиял хаслъабаздалъун. ФигІлуялъул буго заман, хисизаби, транзитивлъи, руго фигІлаби жинсиял ва жинсиял гурел, гІадатал ва журарал; фигІлуялъул хасал формабилъун рикІкІуна инфинитив, масдар, сифат-фигІлу ва конверб. ТІадрагІи, жиндир формаялъ къокъаб сипатал релълъараб букІаниги, батІа гьабула гьелдаса синтаксиял функцияздалъун. Синтаксияб позициялъ батІа гьабула гьединго бакІалъул тІадрагІабиги хадурегІелалги. Авар мацІалъул, ва гьединго моариязул мацІалъул тІадрагІабазул буго, жиб тІокІаб цониги мацІалда гьечІеб, данде ккезабиялъул суффиксал, жидер кумекалдалъун тІадрагІи жинсияб рахъалъ цІаргун данде кколеб (мисалалъе: хадув, хадуй, хадуб, хадур).

Кумакалъулал каламалъул бутІабазде гъорлъе уна: дандраял, бутІаби, хадурегІелал, гьоркьоберех. Гьезул грамматикияб форма букIаниги, лексикияб магIна букIунаро ва гьел жумлаялъул гІахьалал бутІабилъун кколаро. Гьезул иш буго рагIабазул гьоркьолъи, бухьен, гьезда гьоркьоб бугеб сипат-хIал баян гьабун бихьизаби.

ЦIар ккола жиндир грамматикияб формаги бугеб, сундул букІаниги магIнаги бичIчIизабулеб каламалъул бутIалъун. Авар мацІалда, магIнаялде балагьун, цIарал щив? щий? щиб? щал? абурал суалазе жаваблъун рачIуна; цIаралъе сифаталдалъун гьабизе бегьула сипат-сурат.

ЦIаралъул руго хадусел грамматикиял гIаламатал:

Авар мацІалъул цІарал рикьула лъабго классалде. I классалде гъорлъе ккола бихьинчиясда хурхарал цІарал, цолъул формаялда гьеб класс бихбизабулеб гІаламатлъун ккола В (): бихьинчи, эмен, вас, вац, устар ва ц. II классалде гъорлъе уна чІужугІаданалда хурхарал цІарал, цолъул формаялда гьеб класс бихбизабулеб гІаламатлъун ккола Й (): чІужугІадан, лъади, эбел, яс, яц ва ц. ХутІарал цІарал, чІагоял рукІа, чІагоял гурел рукІа, гъорлъе уна III классалде, класс бихьизабулеб гІаламат — Б (). ГІемерлъул форма бихьизабулеб гІалматлъун ккола Р/Л.

Авар мацІалда цІаразул буго цолъул ва гІемерлъул формаби. Руго цІарал, жал гІицІго цолъул формаялда гурони рукІунарел, гьезде гъорлъе уна абстрактивиял цІарал (рокьи, яхІ ва ц.), бищун цересел гІааразул цІарал (дада, баба, даци, ада), гІемерисел хасал цІарал ва цадахълъи бичІчІизабулел цІарал (ярагъ, чехь-бакь ва ц.).

Руго цо-цо pluralia tantum рагІаби: кагътал (хІай, цолъул формаялда кагъат — жинда тІад хъвадаризе хІалтІизабулеб жо), цІороберал, цІадираби. Гьабго тІелалде гъорлъе рачине бегьула рос-лъади, эбел-эмен гІадал рагІабиги. Гьенирго руго батІи-батІиял росабазул гІадамазде абулел цІаралги, щай гурелъул гьезул корреляталлъун цолъул формаялда рукІуна адъективал, жал топонимаздаса лъугьарал (балагье Авар росабазул гІадамазда абулел цІарал).

Цо-цо цІаразул цолъул формаялъул рукІине бегьула цадахълъиялъул магІнаги: гамачІ — цо яги гІемерал цадахъ, материал хІисабалда.

Авар мацІалда гІемерлъул форма лъугьунел суффиксал рикьизе бегьула кІиго тІелалде:

ГІемерлъул форма лъугьунеб супплетивияб къагІида бихьизабун буго чІужу — руччаби параялда. Гьединго дандчІвала цо-цо рагІабазул гІемерлъул форма лъугьунеб кІи-кІи къагІидабиги: хабар — хар-бал/хабарал, кету — кут-ул/кат-ал, хоб — хобал/хабал/хабзал ва ц. Гьениб параллелияб формабазул цояблъун ккола ударение гьечІеб суффикс -ал, жинца цо ккураб къадар бихьизабулеб, гьебго заманалда гьелъул корелляталъ бихьизабула къадар гьечІеб букІин: дагьалго рукъал — гІемарал рукъзал. Цо-цо нухалда плюралисалъул батІи-батІияб формация гьабиялдалъун лексикияб магІна хисула. Жибго гІемерлъул формаялъул категория гуребги, авар мацІалда буго дистрибутивияб гІемерлъи бихьизабиялъул къагІидаги (цІарул аслу такрарлъиялдалъун): рокъо-рокъоре, рахъ-рахъалде.

Авар мацІалда кинабниги буго 24 игІраб, гьезул ункъго ккола гІадатаблъун, хутІараб 20 — бакІалъул игІраблъун. ГІадатал игІрабазде гъорлъе уна аслияб, жиб цІаралъул битІараб аслулъун кколеб, актив, хаслъул ва кьовул игІрабал, жал хъвалсараб аслуялдаса лъугьунел.

БакІалъул игІрабал рикьула хадусел тІелазде:

Гьелги жеги рикьула щу-щу сериялде, жидер игІрабал суффиксал хъвалсараб аслуялда хурхун ва локализация бихьизабулеб гІаламат тІаде жубаялдалъун лъугьунел:

БакІалъул игІрабазул гьединго руго бакІазул магІнаялда гуребги, цогидаб магІнаялда хІалтІизабиги. Мисалалъе, I сериялъул локатив хІалтІизабула:

Авар мацІалъул цІарал, жидер актив игІрабалда букІунеб ахиралде балагьун, рикьула лъабго свериялде; I свериялъул ахиралда букIуна -с, II свериялъул — -лъ, III свериялъул — -ца.

ТIоцебесеб свериялда рекъон рачIуна гIемерисел чиясул жинсалъул гIаммал цIарал, чиясул жинсалъул жидер ахиралда жинсияб гІаламат бугел хасал цІарал (-ав ахиралда ругел авар хъизан-цІаралги), гьединго -ов, -ев ахирал ругел фамилиялги, .

КIиабиле свериялда рекъон рачIуна чIужуялъул жинсалъул гIаммал цIарал ва цо-цо, жидер ахиралда жинсияб гІаламат бугел, хасал цIарал, гьоркъохъеб жинсалъул лъикIаланго гIаммал ва хасал цIарал. Аслияб игІрабалда -ия, -ие абурал ахираздалъун лъугIулел батIиял мацIаздаса рачIарал цIарал игІрабазде сверулаго, ахирияб -я/-е гьаракь гьоркьоса тIагIуна, амма руго гьоркьосарахъиялги, мисалалъе, школа, аптека гІадал рагІаби

Лъабабилеб свериялда рекъон сверула чиясул ва чІужуялъул жинсалъулги хасал цIарал, гьоркьохъеб жинсалъул гIезагIанго цIарал. Лъабабилеб свериялда рекъон рачIунел гьоркьохъеб жинсалъул рагIабазул кьибилалъулъ лъугьуна флексия: ракІ — рекІе-ца, цо-цо рагІабазул актив игІрабалда -д бачІине бегьула, гІурус мацІалдаса рачІарал рагІабазул ахиралдаса тамахаб ишара тІагІуна.

ГІемерлъул формаялда ругел цІарал игІрабазде свери.

Авар мацIалъул сундул букІаниги сипат-сурат жинца бихьизабулеб ва кинаб?, кинай?, кинаб?, кинал? абураб суалазе жаваблъун бачIунеб каламалъул бутIа ккола сифат: тирияв вас, берцинай яс, хехаб чу, лъикIал гIадамал, дираб, меседилаб.

Жумлаялда жаниб сифат гIемерисеб баянлъун ккола, ва жинца баян кьолеб рагIиялде балагьун, сифат жинсалда ва гIемерлъул формаялда рекъон хисула: хирияв эмен, хирияй эбел, хирияб ТIалъи, хириял тIахьал.

Авар мацIалъул сифатал рукIуна гIадаталги (берцинаб, кIудияб, лъикІаб), жураралги (кантIогьилаб, чIегIерккараб), тIубаралги (багIараб) къокъалги (багIар). Сифаталъул къокъаб формаялъул буго стиллистикияб релъен ва гІемерисеб хІалтІизабула поэзиялда. А. А. Бокаревас жиндирго монографиялда рехсон буго къокъал сифатал хІалтІизарулел бакІал:

ТІубараб фарма лъугьуна къокъаб сифаталде тІаде -а- суффикс ва классалъулаб ахир жубан: лъикІ-а-в, лъикІ-а-й, лъикІ-а-б, лъикІ-а-л. Сифат каламалда жаниб магIнаялъул рахъалъги формаялъул рахъалъанги цIаралда бухьараб буго; гьеб жинсалъулъги цолъул ва гIемерлъул формаялъулъги предметияб цIаргун рекъола. Жинсалде балагьун: тамашаяв вас, тамашаяй яс, тамашаяб тIехь; гIемерлъул формаялде балагьун: тамашаял васал, тамашаял тIахьал.

Сифатазул цо-цо тайпаби руго жинсияб ва цолъулгун гIемерлъул формалъул гIаламат ахиралъулъги кьибилалъулъги такрарлъулел: ворхатав вас, йорхатай яс, борхатаб гъветI, рорхатал мугIрул. Сифаталъул данде кквеялъул даражаби рихьизарула авар мацІалда цогидал рагІабазул кумекалдалъун: лъикІаб — дагьабги лъикІаб — бищун лъикІаб.

Жиндир гIаламат бихьизабулеб предметияб цIаргун цадахъ бугеб мехалда прилагательное падежазде хисуларо, аслияб падежалда хутIула: лебалав чи, лебалав чияс, лебалав чиясул, лебалав чиясе. Жиндир гIаламат бихьизабулеб предметияб цIаргун цадахъ гуреб, жибго батIаго бугони, сифатал игІрабазда рекъон хисула. Субстантивациялда суффиксазул кумекалдалъун сифаталъул лъугьуна хъвалсараб аслу ва тІагІуна класс бихьизабулеб ахир: лъикIа-с (I класс), лъикIа-лъ (II—III класс).

РикІкІеназ бихьизабула предметазул къадар ва рикІкІунаго гьезул ирга. Авар мацІалда рикІкІенал руго къадаралъулги (цо, кІиго, лъабго, анцІго, нусго) иргадулалги (цоабилеб/тІоцебесеб, кІиабилеб, лъабабаилеб, анцІабилеб, нусабилеб). Формабазде балагьун, рикІкІенал рикьула гІадатаздеги, жубараздеги, гІуцІараздеги.

ГІадатал рикІкІенал ккола цо кьибилалдасан гІуцІарал: цо-ялдаса анцІго-ялде щвезегІан ругелги, гьединго къого, лъеберго, нусго, азарго, миллион. Гьездасан лъугьарал иргадул рикІкІеналги гІадатазде гьоркьоре ккола.

Журарал рикІкІенал ккола жал кІиго яги лъабго рикІеналъул кьибил жубан лъугьаразда (гьединго журараллъун ккола гьездасан лъугьарал иргадул рикІкІеналги).

Журарал рикІенал лъугьунаго -го ахир гІицІго ахирисеб рикІкІеналъулъ гурони хутІуларо: кІиго + нусго = кІинусго, лъабго + нусго = лъабнусго, ункъго + азарго = ункъазарго.

ГIуцІарал рикІкІенал ккола кІиго ва цІикІкІун гІадатал ва журарал рикІкІеназдаса жал лъугьарал: анцІила цо, къоло лъабго, лъебералда ункъго ва ц. Гьел лъугьунаго ахирисеб рикІкІен бугеб хІалалда босула, гьелда церехун кколел рикІкІеназде тІаде -ло, -ла, -да ахирал журала; 11-ялдаса 19-де щвезегІан ругел рикІкІеназда хІалтІизабулеб форма ккола анцІи-ла: анцІила цо, анцІила кІиго, анцІила ичІго; лъабабилеб тартибалъул цІарубакІазда хІалтІизабула къоло: къоло лъабго, къоло ункъго, къоло щуго. Авар мацІалъул рикІкІиналъул система буго къоцІулаб, тІоцебесеб нусил рикІенал лъугьунеб форма — рикІеналъул аслу-къоялда + (анцІила) + гІадатаб рикІкІен: кІикъоялда кІиго, лъабкъоялда анцІила ункъго.

Предметияб цІаралда цадахъ бугеб мехалда къадаралъул рикІкІен жинсалдеги формаялдеги хисуларо, гьелда хадуб бачІунеб предметияб цІарги кидаго цолъул формаялда хІалтІизабула: кІиго вас, лъабго яс, анцІго гъветІ.

Субстантивацияб иргадулаб рикІкІен игІрабазде хисула сифат гІадин: кІиабилев вас, лъабабилей яс, анцІила цоабилеб класс, къоабилел санал, амма цІаргун цадахъ ругел мехалда иргадул рикІкІеналги падежазде сверуларо: микьабилеб класс, микьабилеб классалъ.

ЦІаргун цадахъ бугеб мехалъ, рикІкІен баянлъун букІуна, амма цІар цадахъ гьечІони, жумлаялда жаниб гьеб ккезе бегьула батІи-батІиял гІахьалбутІабилъун.

Къадаралъул рикІкІеналъ бихьизабула рикІкІунеб жоялъул къадар ва гьеб чан? абураб суалалъе жаваблъун бачІуна. Сундул букІаниги къадар гьелъ бихьизабула батІи-батІияб магІнаялда. Авар мацІалда къадаралъул рикІкІенал рикьизе бугьула анлъго тайпаялде.

Иргадул рикІкІеналъ бихьизабула рикІкІунеб жоялъул ирга ва чанабилеб? абураб суалалъе жаваблъунги бачІуна. Лъугьуна къадаралъул рикІкІеналъул -го ахирги нахъе рехун, аслуялде тІаде жинсалдеги формаялдеги балагьун -абилев, -абилей, -абилеб, -абилел ахиралги журан: кІи-го — кІи-абилев (кІиабилей, кІиабилеб, кІиабилел), анц1го — анц1абилеб, нусго — нусабилеб.

ЦІаргун бугеб мехалда иргадул рикІкІен цолъул яги гІемерлъул формаялъулъ ва жинсалъулъ цІаргун рекъола, амма сифатал гІадинигІрабазде хисуларо: кІиабилев вас, лъабабилей яс, ункъабилеб гьумер, анцІабилел къоял. ЦІарги гьечІого хІалтІизабун бугони, иргадул рикІкІенги, сифаталда релълъун, игІрабазде сверула.

Къадаралъулаб рикІкІеналъул тІелалда гъорлъа тІололъи бичІчІизабулел рикІкІеналги игІрабазде сверула (бакІалъул падежалги гьадинанго руго):

Иргадулаб рикІкІен игІрабазде сверула сифатал гІадин цІаргун гьечІеб мехалъ:

Авар мацІалда цІарубакІ хІалтІизабула цІаралъул, сифаталъул, рикІкІеналъул бакІалда, ва гьеб магІнаялъул рахъалъан цІаралдаса, сифаталдаса, рикІкІеналдаса жиндир магІна дагьабги цІикІкІун гІаммаб букІиналдалъун батІалъула. МагІнаялде балагьун, цІарубакІал рикьула:

ЦІарубакІ жумлаялда жаниб гІемерисеб мехалъ субъектлъун букІуна, гьединго гьеб, жиб хІалтІизабун бугеб магІнаялъухъ ва формаялъухъ балагьун, букІуна батІиял гІахьалбутІабилъунги: битІараб тІадежубайлъун (объект), предикатлъун, баянлъун, хъвалсараб тІадежубайлъун.

Гьумералъул, суалиял, ишариял ва гьездаса лъугьарал цІарубакІал хисиялъул руго хадусел хаслъалаби:

Ишараялъул цІарубакІал

Суалиял цІарубакІал:

Баяналъул цІарубакІал (лъугьуна суалиял цІарубакІаздаса -а- ва классалъул ахиралъул суффиксазул кумекалдалъун: щиб — щиб-а-в, гьанире гъорлъе рачІуна гьединго тІолго ва гьадинаб (-в/-й/-л) цІарубакІалги).

Баянлъи гьечІел цІарубакІал (лъугьуна суалиял цІарубакІаздаса -алиго тІаде жубан: щиб — щиб-алиго).

Абсолютиял цІарубакІал

Нахъбуссиналъул цІарубакІал (лъугьуна гьумералъул цІарубакІаздаса гьезде тІаде -го суффикс жубаялдалъун: дун — дун-го, мун — мунго; лъабабилеб гьумералъе нахъбуссиналъул цІарубакІлъун хІалтІизбула жив/жий/жиб/жал)

Авар мацІалда фигІлу ккола сунца яги лъица букІаниги гьабулеб иш, гьезие лъугьунеб ва гьел щиб хІалалда ругебали бицунеб каламалъул бутІа; щиб лъугьунеб? щиб гьабулеб? щиб хІалалда бугеб? абурал суалазул цоялъе жаваблъунги бачІуна. Жумлаялда жаниб фигІлу букІуна предикатлъун; жинсияб фигІлу ккун бугони предикатлъун, гьеб кидаго субъектгун яги тІадежубайгун жинсалъулъ ва формаялъулъ рекъон ккун букІуна.

ФигІлуялъул категориязде гъорлъе уна: аспекталъул (фреквентативалъул), каузативалъул, классалъул, заманалъул, модусалъул (фигІлу буссинабиялъул), гьечІолъиялъул категориял.

Авар мацІалъу фигІлабазул аспектияб категориялде гъорлъе ккола фреквентативияб (такрарлъул) форма. Гьелъ жидеца цо-цо ишазул цадахълъи ялъуни цоцада хадуб ккей бихьизабула; лъугьуна фреквентатив такрарлъунгутІиял фигІлабаздаса хадусел къагІидабаз:

Жинда жаниб аслияб ахІвал-хІалалде агенсалъул роль бугев гІахьалав чи яги гІахьалаб иш, тІагІел (ва/яги гІилла) тІаде вачІин/жубай лъугьунеб борхизабулеб активияб деривациялъул тайпалъун ккола каузатив, гьелъ бихьизабула иш гьабизабизе тІами. Лъугьуна каузативиял формаби инфинитив ва гьа-б-изе кумекалъул фигІлу цоцалъе иналдалъун (инфинитивалъул ахираб рагьараб ва кумекалъул фигІлуялъул байбихьул гь- тІагІуна): гьабизе — гьабизабизе, хІалтІизе — хІалтІизабизе, хъвазе — хъваз-а-б-изе.

Авар мацІалъул фигІлаби рукІуна жидер кьибилалда жинсияб гІаламат бугелги ва гІаламат гьечІелги. Жинсиял гІаламатал (в-, й-, б-, р-) гъорлъ ругел фигІлабазул букІуна ункъабго классалъулаб форма, гьел формабазул кумекалдалъул фигІлу хасаб жинсалда бугеб цІаргун рекъон ккола: вас в-ачІана, яс я-чІана, къо б-ачІана, ниж р-ачІана.

Авар мацІалъул фигІлуялъул системаялда руго синтетикиял ва аналитикиял заманалъул формаби. Синтетикиязде гъорлъе ккола:

Аналитикиял формаби лъугьуна гьанже заманалъул сипат-фигІлу (бутІагьаби, яги причастие), араб заманалъул трансгрессив ва инфинитив «букІине» фигІлуялъул финитияб формагун цадахъ лъун. Аналитикиял формабазде гъорлъе уна:

Араб заманалъул формаби гьединго лъугьине бегьула гьанжеселдаса -ан суффиксалъул кумекалдалъун: Дун хонжрокьа хІинкъулаан.

Авар мацІалда фигІлуялъул буго анкьго буссинаби: хабарияб, тІалабияб, шартІияб, суалияб, мурадияб, теялъулаб ва гьесизарул.

ФигІлуялъул битІараб тІадежубайгун (пациенсгун) бухьен гьабизе кІвеялде балагьун, авар мацІалъул фигІлаби рикьула транзитивияздеги транзитивиял гурездеги.

Транзитивияб фигІлуялъе жумлаялда жаниб букІине ккола битІараб тІадежубай яги пациенс, жинде тІаде субъекталъ гьабулеб иш кколеб: васас (агенс, акт. и.) кагъат (пациенс)  (иш). Гьаниб «хъвазе» фигІлу ккола транзитивияблъун, ай жинца пациенсалда (ишалъул объекталда) хурхенлъи тІалаб гьабулеб, гьеб гьечІого ишалъул магІна загьирлъуларо.

Авар мацІалъул транзитивияб фигІлугун бугеб агенс гІемерисеб букІуна актив игІрабалда: дица (агенс, акт. игІр.) хІалтІи (пациенс)  (иш); лъай босул, жо рагІиялъул, бичІчІиялъул фигІлабигун бугеб агенс букІуна жинда игІрабалъул (локатив I) формаялда: дида (агенс, жинда и.) гьеб хабар (пациенс) хеко ; рекІел асар бихьизарулел фигІлабигун агенс букІуна кьовул игІрабалда: дие (агенс, кьов. и.)  тІахьал (пациенс). ФигІлуялъул аналитикиял формабигун букІине бугьула эргативияб яги номинативияб конструкция: васас (агенс) хІалтІи (пациенс) гьабулеб буго (иш) — эргавтив; вас (субъект) хІалтІи (объект) гьабулев вуго (иш) — номинатив.

Транзитивияб гуреб фигІлабазу жумлаялда жаниб объект гурони, битІараб тІадежубай букІунаро, жибго объект букІуна аслияб игІрабалда (номинативалда): ихх (агенс, асл. игІр.)  (иш), гьаниб лъугьараб иш — тІаде щвана — буссараб буго жибго агенсалде.

Контексталде балагьун, транзитивияб фигІлу, жиндирго аслу хисичІого, лъугьине бегьула транзитивияб гуреблъун: Гьес кагъат босун  (транзитивияб фигІлу), гьесул чу чІалде бищун цебе  (транзитивияб гуреб фигІлу). Гьел фигІлабазул дифференциация гьабизе бегьула жидер императивалъул суффиксазде балагьун: суффикс -е бугел ккола транзитивиял (гьаб-е — гьабизе, те — тезе, къотІе — къотІизе), суффикс -а бугел ккола транзитивиял гурел (а — ине, бачІа — бачІине, бега — бегизе). Кидаго транзитивияллъун рукІунел фигІлабилъун ккола ккола каузативал: хІалтІизабула, бачІинабула, хъвазабула. Кидагосел транзитивиял гуреллъун ккола френквентативал (такрарлъул фигІлаби): хъвадарула, цІехолдана, кьвагьдана).

ТІадрагІиялъ авар мацІалда баян гьабула фигІлуялъ бихьизабулеб иш лъугьараб куц, заман, бакІ ва гьеб лъугьиналъе гІилла-мурад. Жумлаялда жаниб тІадрагІи букІуна хІаллъун, ва гьеб хурхараблъун букІуна : жакъа дун цудунго вахъана — гьаниб цудунго абураб тІадрагІиялъ бихьизабун буго иш лъугьараб заман, ва гьеб вахъана абураб предикатгун бухьараб буго. ТІадрагІиялъе жаваблъун рачІуна кин? кибе? киб? кисан? щай? щиб гІиллаялъе гІоло? щиб мурадалда? гІадал суалал.

ТІадрагІиялъул букІунаро рагІи хисиялъул формаби, амма авар мацІалда руго цо-цо тІадрагІиял, жидер данде ккезариялъул суффиксал ругел: аскІо-б, аскІо-в, жани-б, це-б-е, хаду-б, гьани-б (чанго бакІалъул тІадрагІи хІалтІизабула заманалъул магІна кьезеги). ГІемерисел бакІалъул тІадрагІабазул дифференциация гьабула локативалъул, аллативалъул ва аблативалъул формабазде: жани-б, жани-б-е, жани-са.

ГІуцІиялъул рахъалъ авар мацІалда тІадрагІаби рикьула кІиго тІелалде: асляздеги лъугьараздеги. Аслиял ккола жал цоги каламалъул бутІаяздаса жал лъугьинчІел: сон, метер, жакъа, сах, лъикІ, хъахІ, берцин ва гь. ц. Гьездехун рекІинабизе бегьула кутаклъизабулеб бутІа — -го (сон-го, метер-го). Аслиял тІадрагІабаздаса лъугьуна цогидал каламалъул бутІаби:

Лъугьарал наречиял ккола жал цоги каламалъул бутІазабаздасан лъугьарал:

Авар мацІалъул наречиял рикьула хадусел разрядазде:

Цо-цо тІадрагІаби, сифатал гІадин, жинсалде балагьун, цолъул яги гІемерлъул формалде балагьун, хисула, амма тІадрагІабазулъ бачІуна -р, сифатазда гІадин -л бачІунаро: хадув, хадуй, хадуб, хадур.

Авар мацІалда дандраял хІалтІизарула рагІаби яги жумлаял дандразе; гьел рикьула чанго тайпаялде:

БутІабаз жумлаялда жаниб цо-цо рагIабазде тIаде жураялдалъун гьел рагIабазе батIи-батIияб магIна кьола. Жибго батIаго босун цониги бутІа каламалда жаниб хIалтIизабуларо, гьелъул жиндирго магIнаги букIунаро. ГIемерисел бутІабаз рагIабазул магIна батIи-батIияб рахъалдаса кутаклъизе, мухIканлъизе гьабула. Цо-цо мехалда гьел хIалтIизарун рукIине бегьула суффиксазул бакIалдаги. Авар мацIалда гIемер руго бутІабазул кумакалдалъун лъугьарал тІадрагІаби, рикIкIенал, ва гь. ц.: щай — щай-го, кида — кида-го, щуго — щу-цIул, нусго — нус-цIул. БутІабазул кумакалдалъун лъугьуна цIиял рагIабиги: масала, фигІлуялъул суалияб хисизаби форма: босула — босул-ищ, кьола — кьол-ищ. Цо-цо бутІабаз кIалъалесул рекIел асар загьир гьабула; гьелда рекъон рагIул интонация хисизабизе ккола, логикияб ударение гьеб рагIуде тIаде кколедухъ. БутІабазул тІелал:

Гьел тIадехун рехсаразде гьорле унарел бутІаби:

Авар мацІалда буго гІурабго къадар хадурегІелазул, гьезул функция — бакІалъулал гьоркьолъаби рихьизари. ХІадурегІелал рукІуна цІаразда хадур, ва гьез цІаразда цадахъ цоккураб раІабазул дандрай гІуцІула — хадурегІелаб конструкция, жинда жаниб синтаксиял хурхенал загьир гьарулеб. ИгІрабиял формабазда цадахъ хадурегІелаз дагьалъги цІикІкІун загьир гьарула рагІабазул дандраязул компонентазда гьоркьор ругел манзилалъул, бакІалъул хурхенал. Мисалале: шагьаралда бугеб музей — гьаниб шагьар рагІул жинда падежалул кумекалдалъун бичІчІизабулеб буго музей шагьаралда жаниб букІин; цоги мисал: шагьаралда аскІоб бугеб парк — гьаниб жинда игІрабалда цадахъ хІалтІизабун буго аскІоб хадурегІел, гьелъ бичІчІизабулеб буго парк шагьаралда жаниб гуреб, аскІаб букІин. ХадурегІелал хІалтІизаруларо аллативаздаги аблативаздаги цадахъ, хІалтІизарула локативгун ва рихьизарула бакІалъул игІрабаз жидецаго рихьизарулел сверухъбакІалъул гьоркьолъаби.

ХІадурегІелал ккола кумекалъул рагІабилъун, гьединлъидал гьел рагІабазул дандраязул жалго жидедаго чІарал бутІабилун кколаро; гьел рагІабузул дандраязде гъорлъе ккола гІицІго цІаразда цадахъ цо компонент хІисабалда.

ХадурегІелал лъугьун руго батІи-батІиял каламалъул бутІабаздаса:

ЦохІо гІоло ккола гІицІго хадурегІеллъун, хутІарал хадурегІелал формабаздалъун тІадрагІабазда релълъерал рукІуна. Гьезда гьоркьоб букIуна магIнаялъулаб батIалъи, хадурегІелал хурхарал рукІуна цІаралъул I сериялъул локативгун: тІад — ганчІида тІад, гъоркь — ганчІида гъоркь, аскІоб — ганчІида аскІоб, хадуб — гьелдаса хадуб. ТІадрагІабилъун ругеб мехалъ гьел рагIабаз бичIчIизабула бакIалъулаб магIна, киб? кибе? кисан? абурал суалазе жаваблъунги рачIуна, цогидал тІадрагІаби гIадин гьел рагIаби жумлаялда жаниб предикаталда рухьарал рукIуна.

Жидер семантикаялда рекъон хадурегІелал рикьула лъабго тайпаялде:

СверухъбакІалъул магІна кьолел хадурегІелазул рукІуна киналниги бакІазул игІрабазул формаби (гьоркьосарахъияллъун ккола буссинабиялъул хадурегІелал: эхебе, эхеде, гІебеде, квегІиса, квараниса). Цо-цо хадурегІелал игІрабаздеги сверула, гьезул букІуна локативазул чІванкъотІараб сериязул форамаби; хадурегІелазул игІраб бараб букІуна фигІлияб семантикаялда, гьего заманалда цІаралъул форма хисуларо. Жинсияб гIаламат гъорлъ ругел хадурегIелал лъабабго жинсалдеги ва гIемерлъул формаялдеги хисула: аскIов, аскIой, аскIоб, аскIор.

Авар мацIалда  бихьизабула кIалъалев чиясул батIи-батIиял хIалал ва рекел асарал загьир гьаризе. Цого гьоркьоберехалъ, каламалъул бакIалде ва гьелъул мурадалде балагьун, батIи-батIиял асарал ричIчIизаризе бегьула. Масала: огь абураб рагIи рохел, пашманлъи, тамашалъи, хIинкъи, рекIекълъи бичIчIизабизе хIалтIизабун букIине бегьула. Гьоркьобрехиязда гъорлъе уна ле, огь, я, ия, ияхI, вай, гьа, огьо-гьой, вала-лай, ваба-бай, гьай залин, унго, вахI, гьуя, гьая. Горкьорехал рикьула хадусел тайпабазде:

Гьоркьоберехазде гьоркьоре уна гьединго алхIамдули-лагь, шукру Аллагьасе! гІадал цочІарал калимабиги. Гьоркьоберахездехун хурхинарула гьединго гаркьазул къагІидабиги.

Гьоркьорехал рукІуна гІадаталги журалралги. Журарал хъвала гьоркьоб хIучч цIан (гьа-гьа, ваба-бай). Цоцада хадуб чанго гьоркьоберех хъван бугони, гьезда гьоркьоб рачІ-тІанкІ (лъалхъул ишара) лъола. Горкьоберехазда хадур хІалтІизарун ругони бутІаби, гьел гьоркьоберехгун рекIун хъвала (унхале, огьха).

Авар мацІалда раги лъугьунеб къагІидаялде гъорлъе уна морфологияб, рагьарал хиси (аблаут), сифатазул ва сифат-фигІлабазул субстантивация, рагІиккун буссинаби, рехсон буго гьединго метатония, жиб цо-цо рагІабазулъ гурони данде чІвалареб. Суффиксация буго бищун гІемер дандчІвалеб рагІи лъугьиналъул къагІида; цІарал лъугьиналъул бищун кІвар бугеблъун рикІкІуна аслу жубай.

Аслиял суффиксазде гьоркьоре уна:

Авар мацІалда буго рагІи хисулеб конверсиялъулаб форма, гьеб бихьизабун букІуна лексемаздалъун: гІалилав, бахІарай, рекІарав. Гьеб ккола тІубараб субстантивация, амма гьеб гуребги дандчІвала тІубараб гуреб ва окказиалияб субстантивация.

Синтаксисгун-морфологияб къагІидаялдалда лъугьуна жубураб рагІи, ай кІиго рагІи тІатІалде жубан. Гьединал журарал рагІабазул авар мацІалда буго 30-гІанасеб тайпа; гьезда гъорлъ:

Гьел цере рехсарал гурелиги руго рагІаби лъугьунел къагІидаби: семантикиял рахъалъ гІагар рагІаби журан лъугьарал фигІлаби лъугьинари, рагьарал гьаркьал хиси (рикIкIин — рикIкIен, квин — квен) ва калькирование — батІиял мацІазул рагІаби авар мацІалде рагІиккун руссинаби: маххул нух (гІур. 'железная дорога'), цеберагIи (гІур. 'предисловие).

Авар мацIалъул гIизагIанго бечедаб лексика буго. Киназего гIахьалаб лексикалъул, ай жал адабияталъул мацIалъул кколел, жал щулаго ва халатаб заманалъда ругеб, жидедеса цIиял рагIаби лъугьинеги рес бугел рагIабазде гьоркьоре уна инсанасул черхалъул, лугбузул цIарал (квер, бер, кIал, мегIер, гIин ва гь. ц.), хъизаналъул ва гIагарлъиялъул цIарал (вац, яц, эбел, эмен, вас, яс, вацгIал, яцгIал, чIужу, рос ва гь ц.), хIалтIул цо-цо алатазул цIарал (пуруц, рукь, хъухъадиро, квартIа, гъецI ва ц.), тIорщалил ва пихъазул цIарал (ролъ, цIоросоролъ, пурчIина, гIеч, гени, курак, цIибил, цIулакьо ва ц.), рукъалъул ва цо-цо гмалхул хIайваназул цIарал (гIака, оц, цIцIе, чу, хIама, куй, кету, гьой, гIанкI, цер, бацI ва ц.), хIинчI-гъедуялъул ва хIутI-хъумуралъул цIарал (гъеду, цIум, микки, цIунцIра, тIутI, оцхIутI ва ц.), кванил тIагIамазул цIарал (чед, хинкI, лъим, гIатI, рахь, нису, нах, гьан, гьоцIо ва ц.), мина-къаялъул, рукъалъул цIарал (рукъ, гордо, нуцIа, тIох, хIуби, чIалу, рахи, къед, бокь ва ц). Гьединго авар мацIалъул жиндирго рагIабилъун ккола цIарубакIал (дун, ниж, нилъ, мун, дов, ав, щив ва ц), рикIкIенал (цо, кIиго, лъабго, ункъго, щуго, анлъго, анкьго, микьго, ичIго, анцIго, къого, лъеберго, нусго, азарго ва ц.). Киназего гIахьалал рагIаби авар мацIалда руго цо хасаб пиша-махщелалда хурхаралги.

Авар мацІалъул жиндир цебе тІеялда жаниб гІемераб хурхен букІана цогидал мацІалгун, гьелъул хІасилалда авар мацІалде рачІана гІурагІан цогидал мацІазул рагІаби. Гьел цогидал мацІаздаса рачІарал рагІаби аслияб къагІидаялъ ккола ункъго мацІалдаса рачІарал рагІабилъун: гІараб мацІалдаса, парс ва тюрк мацІаздаса ва гІурус мацІалдаса.

ГІараб мацІалъул рагІаби рачІине байбихьана авар мацІалде Ислам тІибитІиялда цадахъ, ай IX гІасруялдаса байбихьун. ГІараб мацІадаса рачІарал рагІаби рикьула хадусел лексикиябгун тематикиял тІелазде:

Парс мацІалдаса рачІарал рагІаби рикьула:

Бищун цIикIкIараб къадар къватIиса рачIарал рагIабазул ккола гIурус мацIалдаса рачIарал, гьел руго: ретIел-хьиталда хурхарал (туфлаби, костюм, свитер, галстук ва ц.), рукъалъул кайи-къоноялда хурхарал (радио, телевизор, стакан, чайникI, диван, шкаф ва ц.), росдал магIишаталда хурхарал (трактор, колхоз, ферма ва ц.), гIелмуялда ва техникаялда хурхарал (школа, учитель, география, космос ва ц.), медициналда хурхарал (медицина, больница, операция ва ц.), адабияталда, гьунарлъиялда хурхарал рагIаби (автор, герой, театр, пьеса ва ц.), рагъулаб хъулухъалда хурхарал (генерал, танк, автомат, гвардия ва ц.), спорталда хурхарал (спорт, рекорд ва ц.), ишалъулал документазул цIарал (документал, паспорт, справка, акт ва ц.), промышленносталда ва гьелъ къватIибе биччалеб къайиялда хурхарал цIарал (завод, станок, цех ва ц.), хъулухъалъул ишазда хурхарал (директор, судья, адвокат ва ц.), школалда ва культура-лъай босиялда хурхарал (класс, мел, ручка, доска, клуб ва ц.), гIадамал тIад рекIун хьвадулел жалазул цIарал (автобус, машина, самолёт ва ц.), хмалел алатазул цIарал (шахматал, бильярдал, шашкаби ва ц.), кванил тIагIамазда ва пихъазда хурхарал цIарал (компот, борщ, апельсин, помидор ва ц.), общественнияб гIумруялда хурхарал (феодализм, общество, конференция ва ц.). Гьезул гІемериселги хисизе бегьула авар мацІалъул жиндирго цІиял рагІабздалъун.




#Article 7: ГIурус пачалихъ (200 words)


 ( яги Российская Федерация) ккола Европалъул машрикъалда ва Азиялъул шамалда бугеб хӀукумат. Гьеб ккола дунялалдаго бищун кIудияб хIукумат ( - дунялалъул кинабго ракьалъул 11,46%).  Россиялъул гIадамазул къадар рикIкIуна ясда бащадаблъун ва гьеб къадаралъул рахъалъ киналго хIукуматазда гьоркьоб ккола 9-леб бакI.

Россиялда пачалихъияб мацI ккола гIурус мацI. Россиялъул тахшагьар буго Москва. Россиялда 11 шагьар буго жидер гIадамазул къадар 1 миллионалдасаги цIикIкIараб: Маскав, Санкт—Петербург, Новосибирск, Екатеринбург, Нижний Новгород, Хъазан, Самара, Омск, Челябинск, Доналда Ростов, Уфа.

Россиялъул гӀорхъаби руго 20 хIукуматалъулгун (дунялалда бищун гIемераб къадар), гьезул - ракьалдасан 16-ялъул: Норвегия, Финляндия, Эстония, Латвия, Литва, Полония, Белорусия, Украина, Абхазия, ЦIор, Джанубиялъул Осетия, Азарбижан, Хъазахъистан, Син, Монголия, Шималияб Корея; ралъдалъан – Даниялъулгун, Канадаялъулгун, Япониялъулгун ва АЦШялъулгун.  Советияб Союз биххун хадусан Россиялъ ккуна ДМОалъул Совет Безопасностиялда гьелъул бакӀ.

Россия ккола демократияб федеративияб президент-парламентияб республика. Жинца пачалихъияб ва политикияб гIуцIиги жанире рачунеб Россияллъул конституцияб гIуцIи чIезабула  12 декабралда кинабго халкъалъ къабул гьабураб Конституциялъ.

Пачалихъалъул бетIерлъун ккола халкъалъ 6 соналъ вищулев (2008 соналдаса нахъе) Россиялъул Президент.

Россия буго федеративияб гIуцIиялъул пачалихъ. Россиялъул Федерациялда гьоркьобе уна 83 субъект: , , , 2 федералияб хIажалъиялъул шагьар, 1 автономияб область ва 4 автономияб округ. Гьединго Россия бикьула 8 федералияб округалде, гьезул щибалда хӀалтӀулев вукӀуна президентас тарав чи.

Россиялъул халкъияб состав (2002): 




#Article 8: Тулпис (338 words)


Тулпис, Тбили́си ( tʰ'biliˌsi  — «хинаб ицц», цебесеб (1936 соналде щвезегІан) цІар — Тифлис) — Хъизихъалъул тахшагьар ва кІудияб шагьар, жиб Кор гІоралъул рагІалдаги бугеб, жиндир хакъалъул къадарги гІага-шагарго 1,1 миллион чиясде бахунеб. Шагьаралъе кьучІ лъун буго V гІасруялда.

Тулпис ккола Хъизихъалъул бищун кІвар цІикІараб магІишаталъулаб, жамгІияб ва маданияб центр. Шагьар гьединго ккола трансмиллиял энергетикиял ва дармилал проетазе кІвар бугеб транзитивияб центрлъун.

Шагьаралъ гІуцІула улкаялда жиндир даража бащад гьабураб Тулпис муниципалитет, жиндир гІатІилъи  бугеб, халкъалъул къадар —  чи, 2020 соналде баяназда рекъон, ялъуни  чи (2014 соналъул къадар рикІкІиналда рекъон), гьенирго жибго шагьаралъул  чиги (2014 сон),  4 шагьаралъул тайпаялъул гьеналъул  чиги (2014 сон), 22 росдал —  чиги (2014 сон).

Тулпис буго 30 км халалъиялъул Тулписалъул жаниблъиялда, жиб Кор гӀоралъул расалъиялде кколеб ва лъабго рахъалъ сверун кьурабаз къараб. Ралъдал гьумералдаса борхалъи буго 380–770 метра. Тулписалда сверухъ руго 6-, 7- и 8-балл сейсмолъи бугеб бакӀал. Бахъбаккудаса, жанублъияб рахъалдасаги ва бутӀаккун  бакътӀерхьудасаги Тулписалъу гурхъи буго  Гардабан мухъалъулгун, шималияб рахъалдаса ва хутӀараб бакътӀерхьудаса  —  Мцхет мухъалъулгун.

Климат буга рагьаяб субтропикияб, халатаб багӀарараб риигун, къокъаб хинаб иххгун, тамахаб, амма ракъадалаб хаселгун. 

РикӀкӀунеб буго, Тулписалъе кьучӀ лъунин Ибериялъул пачахӀ Вахтанг Горгасалица нилъер заманалъул V гӀасруялда, ва тахшагьарлъун лъугьанин VI гӀасруялда, амма  «Тбтлада»цӀар буго дагьалги цересел румазулал картабазда, Тулписалъул тарихияб централда рухъа-хъван рагьун руго I–II гӀасрабазул термалият хӀамамал мозаика ккурал хӀавузалги, ретӀел хисизе бакӀалги ва керамикиял рогӀразул церетӀурал системабиги ругел. Шагьаралъул цогидал бакӀазда ратун руго н. щ. VI–III гӀасрабазул росаби.

Жакъа къоялъ Тулпис шагьар бикьула хадусел административиял районазде: 

Цере рукІарал:

Тбилиси муниципалитеталде гъорлъе 2008 соналдаса байбихьун уна: 4 шагьаралъул тайпаялъул гьен гІадамазул къадар  чи вугеб ( 014) — Диди-Лило (2417 чи, 2014), Загэси (5200чи, 2014), Коджори (1232 чи, 2014), Цхнети (7166 чи, 2014) — ва 22 росу гӀадмазул гӀамаб къадар  чи вугеб (2014). Гьанжесеб статистикаялъ гьел киналго рикӀкӀуна Тулписалда гъорлъ, амма халкъалъул къадар рикӀиналъул рахъал гьел рикӀкӀуна батӀаго.

Шагьралда буго Тулписалъул халкъияб мажлис (Сакребуло) ва Тулписалъул хӀукумат, жинда цебе шагьаралъул мэрас хисаб кьолеб.

Тулписалда руго пачалхъилъул хӀакимлъиялъул киналниги тӀубазабиялъул ва диваналъулал (Конституциялъулаб хутӀизегӀан) органал. Тарихияб район Авлабариялда, М. Абдушелашвилил къотӀноб буго президентасул кӀалгӀа — Хъизихъалъул президентасул расмияб резиденция ва хӀалтӀул бакӀ. 




#Article 9: Москва (133 words)


Москва () ккола Россиялъул тахшагьар.
ГIаламалдаго бищун цIикIарал гIадамазул къадар бугел 10 шагьараздасан ккола.

Шагьар буго Москва гIоралда, Бакъбаккул-Европаялъул лабаллъиялъул бакьулъ, Окаялда ва Волгаялда гьоркьо бугеб бакIалда. Федерациялъул субъект гIадин Москваялъул гIурхъода руго Москва ва Калуг областал.

Шагьаралъул цIар гьеб тIа бугеб гIоралдасан бачIараб буго. Амма гьеб гIоралъул цIар кисан бачIарабали мухIканго жеги лъаларо.

ТIоцебе шагьар рехсолеб буго Ипатьевская летописалда 1147 соналъул 4 апрелалъул рузманкъоялъ, Юрий Долгорукияс жиндирго гьудулзаби ва цо-цо князал гьенир данделъиялде ахIараб мехалъ.

XV гIаруялъул ахиралда Васильил Иван III заманалда Москва гIурус пачалихъалъул тахшагьарлъун лъугьана.

XVII гIасруялъул бакьулъ ва ахиралда Москваялда гIемер ахIи-хIур букIана: Соляной бунт, Медный бунт, Стрелецкий бунт (1682) ва Стрелецкий бунт (1698 соналъул).

ХИса-басиял лъугьана. 1995 соналъ тахшагьаралъул цIиял офицалиял магIлуматал гьаруна - герб, байрахъ ва шагьаралъул гимнги. Килисаби цIидасан разе рагъарана, гьезда гъоркьо Храм Христа Спасителяги.




#Article 10: Билкан (102 words)


Билкан (, 1991 соналде щвезегӀан Белокан) — Азарбижаналъул Билкан мухъалъул административияб центр, КӀудияб Кавказ мугӀрузул хӀатӀакь Белакенчай гӀорул рагӀалда (Алазаналъул гӀаркьел), Евлах — Лагодехи нухда, Евлах маххул нухалдаса 178 км севергун-бакътӀерхьуда бугеб. Гьеб ккола Азарбижаналда гъоркь бугеб аваразул шагьарлъун.

Билкан рехсон буго XII гӀасруялдаго, гьанир рукӀарал халкъал христианлъи диналде ахӀизе къеркьолев вукӀарав гуржиязул миссионер Пимен Блаженний сабаблъун.

Шагьаралда цӀунун буго XVII—XIX гӀасрабазул гӀажаибаб мажгит халатаб михӀмаргун. Музеялда ракӀарун руго гьаб икълималъул гӀадатиял кверзул махщалил тӀагӀелал, батӀи-батӀиял археологиялъул ракьулъ ратарал тӀагӀелалги.

Билканалда буго кӀудияб шагьаралъул парк 17,5 гектаралъул кӀодолъиялъул ва кварил нухгун.

Шагьаралда руго гӀемерал заводал.

Билкан ккола 1985 соналда бараб Евлах-Билкан маххул нухлул ахирияб станциялъун.




#Article 11: Хунзахъ мухъ (119 words)


Хунзахъ мухъ — административиябгин территориалияб бутІа ва муниципалияб гІуцІи (муниципалияб мухъ), жиб Россиялъул Федерациялъул Дагъистаналъул Жумгьурияталде гъорлъе кколеб.

Административияб марказ — Хунзахъ.

Хунзахъ мухъ ккола аваразул сиясиябгин маданияб центр, Сариралъул ва Нуцаллъиялъул ракІлъун букІараб территория; гьединго Дагъистаналъул бищун некІсиял сиясиял центразул цояблъунги. Жакъа къоялъ Хунзахъ мухъ буго мугІрузулаб Дагъистаналда бугеб Россиялъул стратегияб база.

Хунзахъ мухъ буго Дагъистаналъул бакьулъ бутІаялда, Авар ва ГІандигІоралъул жаниблъиязда гьоркьоб. МахІачхъалаялдаса Хунзахъ мухъалде рачІине буго 140 км.

Хунзахъ мухъалъул гурхъаби руго аваразул анкьго мухъалъулгун: шималияб рахъалда Бакълъул ва Унсоколо мухъалгун, бакъбаккуда Хьаргаби мухъгун, жанубияб бакъбаккул рахъалда Гъуниб жанубияб рахъалда Шамилил мухъалгун, бакътІерхьуда ГІахьвахъ ва Болъихъ мухъалгун. 

Хунзахъ муниципальный мухъалде гъорлъе уна 24 муниципалияб гІуцІи, жидер росдал баязул статус бугел ва 59 росу гьезде гъорлъе кколел.




#Article 12: Унсоколо мухъ (105 words)


Унсоколо мухъ () - Дагъистан жумгьурияталъул мухъ.

Административияб марказ — Шамилхъала поселок.

Мухъ ккола Дагъистаналъул централияб бутІаялда ва гьелъул гІорхъалаби цояллъун ккола: Шурагьиб, Лаваша, Хьаргаби, Хунзахъ ва Гъумбет мухъал. Ракьалъул кІодолъи — 560 км².

Унсоколо мухъ гІуцІцІана 23 январалъ 1935 соналъул, Авар округ ва Гъойсубулаялъул мухъ гІуцІцІиялъул хІасилалда.

Мухъалъул гІадамазул къадар бахуна 30 029 чиясде.

Мухъалда гъорлъе уна 12 муниципалияб гІуцІцІи:

Мухъалъул аслияб экономика бараб буго — росдал магІишаталда. мухъалда буго 4 ПКЗ, 4 колхоз, 5 совхоз ва ччугІил магІишат.

Мухъалда буго 18 школа, 11 лъималазул школалдацересел учреждениял, 2 махщалабазул школа, 1 лъималазул творчествоялъул Рукъ; 18 клуб, 20 мактаба, 3 музей, 1 театр, 12 памятник культураялъул ва тарихалъул.




#Article 13: Генуб (283 words)


Гéнуб росу () — ккола Дагъистан жумгьурияталъул Унсоколо мухъалъул кІиабилеб кІудияб росу.

Генуб росу буго, Гендерил мугӀрузул хӀатӀакь, АваргӀорул рагӀалда. Шура ва МахӀачхъала шагьаралгун гьеб рекІинабун буго Гендерил ракьулъан гIанлъун гьабураб нух (гьаб сагІаталда гьеб рахан буго жанир гьарурел ругел къачӏаялъул хІалтІабазда бан).

ГІемерисел тарихчагІазул рикІкІеналда рекъон, жакъасеб Генуб росу бугеб бакІалда гІадамаз гІумру гьабулеб букІана 400—го соналдаса цебего. Гьедин хъвалеб буго росдал тарихчи МухІамаднаби Ибрагьимовас жиндирго Генуб. Тарихалъул нугІзал — абураб тІехьалда.

Тарихчи, устаз Расул МухІамадовасул рикІкІеналда рекъон, Генуб росу ккола некІсияб Хумраж абулеб пачалихъалъул тахшагьарлъун. Гьеб рикІкІен мекъи букІин чІезабуна тарихчи Тимур Айтберовас. Гьелдаса бахъун Генуб росдал тарих тІалаб гьабун гьелъул цІех-рех гьабичІого тана гІалимзабаз. Гьединлъидал Генуб росдал кьучІаб тарих жакъаги мажгьулго хутІулеб буго.

Генуб ккола Кавказалдаго ва тӀолабго дунялалдаго жал машгьурлъарал, кІиявго Дагъистаналъул Имам ГъазимухӀамад ва Шамил, жанир гьарураб ва гІураб росулъун.

Гьеб къоялъ букІараб хІалуцараб, захІматаб, чванлъаб рагъудаса хадуб, гІурусал Генуре лъугьана. Гьеб заманаялъ, Дагъистаналъул имам ГъазимухІамад 15 муридгун цадахъ Гендерил къварилъухъ бугеб рокъор жанир рукІана. Муридзабазда гьоркьов вукІана Дагъистаналъул ва Чачанистаналъул вукІинисев имам Шамилги. РикІкІен цІикІкІарал гІурусазул боялдаса хвасарлъиялде щаклъи ккедал, имам ГъазимухІамадица хиял гьабуна, гІурусазул боялде тІаде кІанцІизе, гьелдалъун гьелги машгъул гьарун, рокъор жанир ругел муридзаби нахъасан къватІире рорчІизе. ХІакъикъаталдаги гьедин ккана, рокъосан къватІиве Аллагьу Акбар — инги ахІулаго кІанцІарав ГъазимухІамад тущбабазул хучдузда тІаде ккана ва гьеб бакІалда шагьидлъана. Рокъор жанир рукІарал муридзаби нахъасан лъутун инчІо, имам хваралъур хвезе хІадур руго — янги ахІулаго гьез байбихьана тущманасда кьаби щвезабизе. Гьенир гьел киналго шагьидлъана цо имам Шамилги гьесда цадахъ вукІарав гендерил будунги хутІизегІан, гьев кІиявго квачараб хасало заманаялъ ругънада рецІцІулаго рохьосан лъутун Унсоколоре ана.

Гьеб рагъулъ гІурусазул 480 го чиясе зарал ккана ва 41 чи чІвана. ГъазимухІамад чІваялдалъун ва Генуб росу гІурусаз босиялдалъун Кавказалъул рагъул тІоцебесеб бутІа лъугІана.




#Article 14: Кор (гӀор) (391 words)


Кор ялъуни Кура́ (, , /Мтква́ри, /Кур); чвахиялъул тІарада Карасую — Нахъакавказалда бугеб бищун кІудияб гІор. ГІоралъул авал буго Туркиялъул территориялде гъорлъе кколеб ЦІамухъ тІалъиялда. Чвахула лъабго пачалихъалъул — Туркия, Гуржистан ва Азарбижан — ракьалдасан Каспий ралъдалъе. Коралъул хІавузалъул бутІа (аслияб къагІидаялъ, гьелъул бищун кІудияб гІаркьел Эресалъул) буго Эрменистаналъул ва Ираналъул ракьалда. Кор гІоралъул халалъи буго 1364 км, лъим бакІарулеб хІавузалъул гІатІилъи — 188 аз. км².

ГІоралъул гуржи цІар буго Мтквари, гуржи мацІалда гьелъул магІнаги буго «лъикІаб лъим» абураб, мегрел мацІалда ассоциация буго «тквар-уа» рагІигун, гьелъул магІна буго «хъарсизе» абураб, ай «мугІруздасан жиндиего нух хъарсун бахъулеб».

Страбонил «Географиялда» гІоралъул цІар буго Кир, эрмениязул иццазда — Кур.

ГІоралъул авал буго Туркиялъул шималиябгин бакъбаккул рахъалда, ЦІамухъ тІалъиялда бугеб Карс вилаяталда. Гьениса гьеб чвахула Гуржиялъан Азарбижаналде, ва хадуб Каспиялде.  Жиндир чвахиялъул тІарада (Тулписалде щвезегІан) Кор чвахулеб буго аслияб къагІидаялъ кІалабахъан ва къварилъабахъан, гьезкл бищун машгьураблъун буго Боржоми къварилъи. тулписалдаса хадуб гІоралъул расалъи гІатІилъула, гьеб чвахула авлахъалдасан. Чвахиялъул аххада, Азарбижаналъул территориялда, гІурулмухъ битІизабун буго гІемерал рахъаз. Ралъдалъе чвахулеб бакІалдаса 236 км-ялъ тІарада Коралде гъорлъе жубала цоги кІудияб гІор — Эрес.

Коралде гъорлъе чвахулел лъинал руго: 36 % гІаздал, 30 % иццал, 20 % цІадал ва 14 % цІоролмугІрузул. Туркиялъул ва Гуржиялъул гІорхъода лъагІалил гьоркьохъеб лъел харж буго 30 м³/сек, Тулписалда — 205 м³/сек, Мингечевиралъухъ — 402 м³/сек, ахиралда — 575 м³/сек. Чвахиялъул аслияб бутІа (70 %-алде бахун)бачІуна иххдалил гІужалде. Иххдалил гІорщвей байбихьула марталда ва букІуна маялде щвезегІан, цо-цо халатбахъуна июналъ-лъагІанги. Коралъул лъим буго хІабургъараб(чвахиялъул аххада хІабургъен бахуна ).

Коралъул дельта жакъа къоялъ, цогидазде данде ккун, буго гьитІинаб (халалъи 17,5 км ва гІатІилъи 94 км²) ва гІадатаб гІуцІи. Амма цебе дельта букІана гІезегІан кІудияб.. Коралъул дельта хисиялъе асар гбабулеб буго Каспий ралъдал мартабат цо хІалада букІунгутІиялъ..

Коралъул бищун кІадиял гІаркьалаби руго: КІудияб Лиахви, Ксани, Вере, Эрес, Храми, Алазан ва Арагва.

Кора гІоралда аскІор руго: Боржоми, Гьори, Мцхета, Тулпис, Рустави, Мингечевир, Евлах, Сабирабад, Ширван, Салян. ГІоралъул делтаялда ккола ччугІи: севрюгаби, белугаби, осётрал, миногаби, судакал во цогидал. Совет заманалда гІор тІарадаса Тулписалде щвезегІан хІалтІизаюулаан рахи-цІул биччазе. ГІоралъул 480 км-ялда — Евлахалдаса Каспий ралъдаде щун — хъвадизе бегьула гуми. Коралда руго чанго гидроэлектростанциял, гьезда гъорлъ Читахев ГЭС, ЗАГЭС, Ортачал ГЭС — Гуржиялъ, Шамкир, Еникенд, Мингечевир ва Варварин ГЭС Азарюижаналда. ГЭС-азул сангарал хІалтІизарула гІор щвараб мехалда лъеда хадуб контроль гьабизе. Мингечевир лъелмес (гІатІилъи 605 км²) ккола Азарбижаналда бугеб бищун кІудияю гьекъолеб лъималъул  нахърател.

Коралъул экологияб хІал рикІкІунеб буго квешаблъун. ГІор гІезегІан нахълъун буго горлъе рехулеб бугеб чороклъи сабаблъуг. 2008 соналъе ругел баяназда рекъон, лъелъ ругел зарариял жалазул къадар бегьулелдаса 2—9 нухалъ цІикІун буго.




#Article 15: МагIлиб (1491 words)


МагIлиб (), ккола Дагъистан пачалихъалъул Хьаргаби мухъалъул росу.

Мухъалъул марказ Хьаргаби росдадаса 12 км жанубгун-бакътІерхьул рахъалдехун ккола.

Дагъистаналъул ва советиял гIалимзабаз чIезабун буго Дагъистаналда ва гьездаго гьоркьоб гьанже магIарулаз гIумру гьабулебругел магIарухъги гьанжеялдаса 20 азарго соналъ цебе гIадамаз гIумру гьабулеб букIин. Гьесдалъун ракI чIараб буго магIладерил ракьалдаги чанго батIи-батIиял гIадамаз, батIи-батIиял гIасрабазда гIадамаз гIумру гьабулеб букIинги. Гьеб бихьулеб буго гьанже магIладерица гIумру гьабулеб ракIалда рукIин гьезда ва гьезул умумузда лъаларого рукIарал цIакъгозахIматал бакIазда гьарун рукIарал цогидал хIалтIаби. Гьаниб абизе ккола магIладерил ракьалдаги гьечIо имсанас квер багъари гьабичIеб бакI. Аслияб къагIидаялда хурзал гьари. Гьеб буго халатаб история. 

Гьанжесел магIлал рачIинегIан магIладерил ракьалда гIумру гьабулеб букIун буго гуржияз. Гьел кинха гьанире ккарал? Гьеб ккола гIагашагарго IX-XIV гIасрабазда. Гьеб заманалда Гуржистаналда гьоркьоса къотIичIого рагъал кколел рукIун руго жодедаго жанил-князьзабазда гьоркьоб. Гьелъ рахIат хвезабурал гIемерал рекьарухъаби рехун тун гуржистанги лъилго квешаликь гьечIел чIорогоял ракьазде магIарухъе гочун руго. МагIишат гIуцIизе захIмат букIаниги ракъниги букIинчIо гьезие гьаниб. КIиабилебги гIила:XIIаб гIасруялъл 90аб.соназда гуржиялъул царица Тамараца жигар бахъулеб букIна магIарухъ ругел гIадамазда гьоркьоб христианазул дин тIибитIизабизе ва гьеб гIилаялъе гIоло гьелъ магIарул ракьалде хIалалъ гочинарулелги рукIун руго мискинал гуржиял-рекьарухъаби, такъсирчагIи ва кашишалги.Гьелъие  ракI чIараб нугIлъун ккола гьел саназда бараб гьанжеги нахъе хутIун бугеб Советский р-оналъул Датунаялда гуржияз бараб килиса. Гьеле гьеб заманалда МагIрилги рукIун руго гуржиял. Нахъе хутIарал биценазда божани гьез МагIлиб гIумру гьабун буго XIVаб гIасруялъул ахиралде швезегIан гьез бан букIараб 100-150 цIараки бугеб гIадаб росуги букIараб, амма гьанже чIунталиде сверараб гьал ахирал соназде швезегIан МагIлиб букIана. Гьелда цIарги магIладерица “Росолъ” абун гьениб гьаб сагIатги гIемер батула гьезул шагIил цIа-рагI гъурун хутIарал рекарал цIакъго рицатал рекелал, накъишал рахъарал ганчIал, ганчIил алатал ва цогидалги. Росдал гIадамаз минаби разе гамачI нахъе баччун, гьанже гьеб росу букIараб бакIалъул хутIараб букIцин гьечIилан абизе бегьула. Гьел МагIлиса нахъе инее гIилаги рикIкIуна магIишаталъе захIматаб бакI букIун хасго гIемерал соназ бакъ бан ракь холеб букIин, лъалъазе лъим гьечIолъи ва аслияб гIила Гуржистаналда рагъ-кьал дагьлъи. Гьенибго магIишат гьабизе бигьаяб букIун унаго гьез киналго минаби рухIун руго. Гьез гьанир гьарун рукIун руго чIахIиял хурзал, магълъал ва ахалги. Хасгогьез тIад чIун гIезабулеб букIун буго цIибил ва гьеб магIладерил ракьалда лъикIго бижулебги букIунги буго.

Гуржи миллаталъул гIадамал нахъе аралдаса гьеб ракьалъул бетIергьабилъун рахъун руго Кудел( гьанже Гъуниб районалъул Кудали росу ).

Гьел гьанире рачIунел руго соналъ гьеб заманалда цIакъ гьарзаго букIараб чан гьабизе. Гуржияз гIезабураб ахалги хурзалги чIунтун руго гьедин ун буго XIV-XVаб гIасраби гьедин чIобого магIладерил бакI. Дагъистаналъул мацIал абураб тIехьалда хъван буго XVIII-аб. гIасруялъул ахиралда куделдерил жамагIаталдаса нахъе тIун батIа рахъун чIана Мурада, Дарада, Хъвартикуниб ва Тунзы росаби абун. Гьениб МагIлиб бакI рехсон гьечIо. Гьелъ нугIлъи гьабула гьеб заманалде МагIлиб букIин жибго-жиндаго чIараб кIудияб росу. Гьел росаби XVIII-аб гIасруялда Кудалисан ккарал ратании МагIлал кудалисан рачIун МагIлир чIун рукIине ккола XVI-аб гIасруялдаго. Гьелъие нугIлъи гьабула гIемерал биценазги ва ганчIида рикIкIун хъварал цо-цо гIемерал тарихъазги.

Гьелдалъун абизе бегьула МагIлиб росо бижизе кьучI лъунилан XVI аб гIасруялъул кIиабилеб бащалъиялда. Дир пикруялда рекъон гьеб ккола I585 соналъул май.

Нахъе хутIараб биценазда божани (гьел гIемерисел ритIаралги ратулелха) гьанже ХIажимухIамал МухIамадил ва ЯхIияхIажиясул минаби ругел бакIазда гьеле гьеб заманалда 5-10 чияс ран руго жодоего гIисиналго 1-2 рукъги цо-цо боцIуе бокьалги ругел минабиги.

Гьеб буго магIладерил ракь кибехунго бихьулеб, лъим-цIадаз зарал гьабизе рес гьечIеб, лъеде гIагарда, гъоркь кьуруги бугеб борхалъибугеб бакI. Гьеб заманалда магIладерил ракьалда кутакал рохьал заз-хъарахъ бижун букIун буго. Гьез тIоцере минаби рарал бакIаздай сит абуни кьуру бухIиналъ гъветI-хер букIун гьечIо.

Гьеле гьез хIалтIизаризе байбихьун буго гуржиязго гьарун тарал хур-ахал ва тIадеги жодоцагоги гьарун руго хурзал. Щибаб соналъ 5-10 цIараки Кудалисан рачIун МагIлир чIун руго. 50 гIагарун соназ магIлив хварав чи (гьодги бекун) чолаги къан вукъизе Кудалире рачунел рукIун руго. Щай гьел гьенире рачунел рукIарали 2 батIияб пикру буго: цо-цояз абула хвараз хадуб гьарулеб садакъа жодоего кьине гIоло, цо-цоязин абула жамагIат цо букIине ай кIудияб жамагIат букIине гIололъунилан. Гьеб кисеб битIараб бугешале лъазе захIмат буго, амма ракI чIараб буго хIалалъ Кудаливе восизавулев вукIин куделдерил жамагIаталъеги ракI чIараб буго.

Ахирги магIладерица инкар гьабун буго хварав Кудаливе ваччизе. 

Теларилан Кудел риччаларилан магIлалги рагъцин ккун буго. Ахирги магIладерие бокьухъе тун буго.

БоцIуе базе бугеб рагIи-хер магIладерица цIунулеб букIун буготIахазда ва гьорохъ. Гьелдалъун гIемерал цIаял кколел рукIун руго. ХIукму гьабун буго “хъилаб” абулеб бакIалда цIунизе гьеб рагIи-хер. Гьеб букIун буго малиги чIван рахине кколеб бакIалда. Гьелдасан бачIарабилан абула росдада цIарги-МагIлиб абун. Гьеб цIар росдада рекIинеан Куделдерица магIладерида “ Кулал” абун абулеб букIун буго. Бекьулеб букIун буго ролъ, бугIа, гьохъ, луч ва гонег. Гьелъие нугIлъун руго гьаб сагIатги росдал къотIнахъ ругел лал тIамулел, гьоцIабаз рачунел рукIарал чIахIиял ганчIил махрабаз. ЦIоросаролъ ва багIаргьоло бекьизе ругьунлъаралдасан тIубанго культураби рекьи тIубанго рехун тун буго. Хьихьулеб букIун буго гIи, боцIи. ЦIакъго захIмат баччун гIезарун руго ахал. Бищунго кIвар кьун гIезабулеб букIун буго цIибил, хадубин абуни пурчIун бугел пихъал. ЛъикIго бижулеб букIун буго цIоросаролъ. Гьелдалъун магIладерида гьитIинаб чачан-инанги абулеб букIун буго. Бищунго магIладириеги магIлалги рокьулел чагIи рукIун руго хьергеб. Щаялего П. Каримовас чIунтараб росу хьергедерие кумекалъе СалтIа сверухълиялдаса гIадамал рачIанилан абураб бакIалда магIладерил цIар рехсон гьечIо. (Шамилил штабалда “ Церехун” газета I7 январь I989 с) гьеле гьенир унго-унго хьергебдерие хIалае ратарал ккола магIлал. Гьикъе хьергебдерил хутIаразда. Цоги мисал: хъахIазул аскар хьагабиреги кIанцIун бахъараб гIемераб бечелъи гьез цIунун букIун буго солдерил кьода жаниб. Гьезухъа гьеб бахъун буго магIладерица ва МагIлибеги баччун щибго течIого хьергебдерие нахъ бусинабун буго, I9I9аб сон 22 сентябрь. ГIадат букIун буго БецIкъварилъухъе нух къачIазе росаби рахъинарулеб. Хьергеб рачIине нух къачIазе рачIине ругеб цебехун къоялъ МагIлиб гIакIа ахIулеб букIун буго “ нухтIе хьергеб рачIине рагIула гьезие гьоболлъи гьабизе къачIай. Гьел пихъ кваназе ахазукье раче”-ян. Гьедин абулебги букIун буго. Хьергеб МагIлиреги, магIлал хьаргабиреги гьоболлъухъ хьвадулел рукIун руго. Гьабулеб букIун буго квана-гьекъей хасго тIоритIулел руIкун руго спорталъулал къецал, гамачI рехи вагугар. Гьанже гьудуллъи киналго росабазул щулияб буго.

Шамил имам ккун хадуб, Жифрисалде аманатхIисабалда къадру къимат бугел магIарулазул чанго чи вачун вуго. Гьезда гьоркьов МагIлиса генху абурав чиги вукIун вуго. (Историялда хъван буго Инхо Хавала абурав чи абун). Гьеб тIехь МагIладерил росу бакьулъан буго чабхил кIкIал. Гьеб кIкIал букIун гьечIо. Гьенир букIун буго ахал ва хурзал. КIкIал бакьулъ букIана кIудияб цIулакьодул гъветI. Гьелда абулаан хIайидал икил гъветIабун. ГьедигIан кIудияб цIулакьодул гъветI кибниги бижун батиларин абуни гьереси ккеларо. Росого берцин гьабун букIараб гьеб бухIизе цIулал чIоло 1930 абулел соназ къотIун буго. Дарада рагIала букIараб кутакаб рохь къотIаралдасан дагь-дагь ккун ихал рачIун руго гьез бачун чабахги бачIун буго. Шамилил болъ гIезегIанго магIлал рукIун руго ахIул гохIда ккараб рагъулъ бахIарчиго вагъарав ХIажидада абулев чиясул гурони цар нахъе хутIун гьечIо ревалюция ккезегIан росулъ букIана 6 мажгит ва цо мадрасаги. Гьел къан рукIана 1930 аб соназ. БатIи-батIиял соназ хIеж борхизе Меккаялде ун вуго МагIлиса 35 гIанасев чи. Цояв нахъ вусун вачIунаго унтиги чIван хун вуго ва Стамбулалда гIагарлъухъ вукъун вуго. 1905 соналъ букIараб гIурусазулги япониялъулги рагъулъ гIахьаллъи гьабун буго лъабго чияс: Сайпулагьил ХIасаница, Гъамбулатил Хажил МухIамаца ва КъурахIмал Мусаца. Гьел гъая гьечIого нахъ русун руго. ТIоцебесеб дунялалъул рагъулъ( МагIарулаз гьелда австриялъул рагъилан абулаан) магIладерил I4 чияс гIахьаллъи гьабун буго. Гьел рукIун руго Тунзиса МуртазагIали абулев царасул армиялъул афицер-камандирлъун вукIарав. Гьезул цо-цоял нахъ русун гбечIо. Рагъулъ бихьизабураб гьунаразе гIоло гьел рагъазулъ МагIлиса ХIажиясул ГIумар абулев МагIлисесе махул орден кьун буго. Рагъулъ ХIахI МухIамадил лъикIав гьалмагъ вукIун вуго МагIлиса Муртазал вас МухIамад. Ревалюциязул соназ цониги магIлисес гIолохъанаб советияб власталде данде бахъулеб букIараб цониги армиялда яги къукъаялда гьоркьоб гIахьаллъи гьабун буго. Гьединго цониги магIлиса чияс советияб власталде данде рагъизе гIадамалги ахIун  гьезул къукъаги гIунцIун гьечIо.

МагIлиса: Гьимат, СагIадулагьил ГIумарва ва МухIамадов МухIамад (ГьитIинав МахIама) багIараб партизаналлъунги лъугьун ревалюциялъул тушманзабазде данде рагъулел рукIана. (Саветияб власталъул соназда тIоцебесев бегавуллъун Узунин МухIамад тIамун вукIун вуго).

МагIлиб школа рагьун буго I926 соналда. Гьелъул тIоцебесев зав. шлалъул ЧIохъа ГIошал МухIама вукIун вуго .МагIлиб колхоз гIуцIана I936 соналъ. МагIлиса тIоцеве партиялде лъугьарав чи ккола ХIасанов МухIамад(инукI). Гьев партиялде лъугьун вуго Махачкалаялда 1920 соналъ. МагIлиб тIоцебе партиелъул ячейка рагьун буго I925 соналъ МагIлиб тIоцебе комсомолазул ячейка рагьана 1926 соналъ. Гьезул тIоцебесев секретарь ГIамачов АбдурахIман вукIун вуго. Партиелъул ячейкаялъул тIоцебесев секретарьлъун Ругъжаса ГIисаев ГIабдула абулев чи вукIун вуго.

Саветияб хIукуматалъул соназда 2 чIужу гIадан йикIана росдал советалъул председательлъун: ГIалибегова ПатIимат ва ГъазимухIамадова Марьян. Партиялъул мухъилъе лъугьарай тIоцебесей чIужугIадан ккола Юсупова ГIашура. ТIоцебе тIадегIанаб лъай босарав МагIлисев ккола МухIамадхIажиев МухIамад (ветврач). ТIоцебе тIадегIанаб лъай шварай МагIлисей ккола ХIасанова ПатIимат (учительница).

ВатIанияб рагъул соназда (1941-1945) гьеб рагъулъ гIахьаллъи гьабун буго 97 чияс гьезул 53 нахъ вусун гьечIо, нахъ русаразулги 54 хун гьабсагIат нахъе чIаго руго 9: Мусаев ХIосен, Дибиров Ш, ХIажиев М, ЦыхIилов ГI, ГIумаров А, СагIидов А, ГIалиев М, Асадулаев Бадрудин.

МагIлиса ГIабдулмаликица рехстаг бахъизе гьарулел рагъазулъ гIахьаллъи гьабун буго.Берлин бахъулаго рагъазулъ гIахьаллъи гьабун буго СагIидов ГIабдулмаликица. Рагъ байбихьаралдаса лъугIизегIан рагъулъги вукIун I945 соналъ 3 маялда Берлиналда чIван вуго эбел-инсул цо вукIарав вас МагIлиса МухIатIалил МухIама. Гьеб рагъулъ гIахьаллъарал магIладерил гIезегIаназе щун руго медалал. Кавказалде немцал рачIиндал гьезда данде рагъулел рагъухъабазе, окопал ва хандакъал рахъиялъулъ гIахьаллъи гьабун магIладерил нус-нус бихьиназ, руччабаз ва гIолилазги. Кавказ цIуниялъе гIоло медалал кьун руго 26 магIлисезе (за оборону Кавказа). 

ВатIанияб рагъул соназда мисалияб хIалтIуе гIоло медалал кьун руго 75 чиясе.

За доблестный труд в Великой отечественной войне сов. союза (41-45). 

Калхозалда мисалияб къагIидаялда хIалтIиялдалъун I967 соналда “захIматалъул багIараб байрахъ орден” кьуна Шейхов ГIумарие.

МагIлий йиго лъабго бахIарчияй эбел: Исубил ГIалил ПатIимат, ГIабдулаева Хажа ва ГIабдулсамадил ГIалил Анисат




#Article 16: ГIумар-хIажи Зиявудин Дагъистани (753 words)


ГIумар-хIажи Зиявудин Дагъистани (1849 Дагъистан - 1921 Истамбул) - гІалимчи, вагІзачи, хъвадарухъан ва накъшубандияв шайих.

ГIумар-хIажи гьавуна 1849 соналда Дагъистаналда Миякьоб росулъ. Гьесул эмен ГIаду (Ал-ХIажи-ГIабдуллагь-ад-Дагъистани-ал-Авари) вукIана кIудияв, Дагъистаналда, МагIарухъ машгьурав гIалимчи. Эбелалда цIар букIана ПатIимат. Гьезул хъизамалда букIана микьго лъимер, ГIумар вукIана гьезда гьоркьоса анкьабилевлъун.

ГIараб гIелмуялъул хIакъалъулъ тIоцересел баянал ГIумарие щвана Дагъистаналда, жиндирго инсудаса. Гьелдаса хадуб гьев цIалана росдал мадрасаялда акъадия абураб гIелмияб даражаялде щвезегIан, хадуб Аваристаналъул батIи-батIиял росабалъ гIалимзабазда цеве. Масала, ГIумар-хIажие дарасал кьурал мугIалимзабазда гьоркьов вукIана ЧIикIаса ХIанзахIажияв абурав машгьурав гIалимчиги.

Гьев ккола жинца бечедаб гIелмиябгун адабияб ирс нахъе тарав гIажаибав инсанлъун. ГIумар-хIажи машгьурав вуго Турциялда, Мисриялда ва цогидалги бусурман улка-ракьазда. Гьев гIалимчиясул гIумруялъги гIелмияб хIаракаталъги цIакъ ритIухъ гьарула академик Ю.И. Крачковскиясул гьал рагIаби: 

Амма жиндирго инсул ватIаналда, Дагъистаналда ГIумар-хIажил цIарги гIелмуги нахъа заманалдаги цIакъ дагьал гIадамазда гурони лъалароан. Октябралъул инкъилаб ккелелде цебе ГIумар-хIажил диниял хIалтIабиги шигIриял асаралги рахъулаан Турциялдаго гIадин Дагъистаналдаги, ва гьел гIатIидго тIиритIун рукIана халкъалда гьоркьор. Гьесул «КIудияб мавлид», «МугIжизат анбия», «МигIраж ан-наби», «Къасидадт ал-ажир», «Къисас анбия» гIадал диниял асарал лъаларев чи магIарулазда гьоркьов къанагIатги вукIинчIо ва гьанжеги гьечIо.

Совет хIукуматалъул заманалда ГIумар-хIажил гIумруги бечедаб ирсги букIана «тIад ракь хъван тун» ва кинабго гьабуна гьев жиндирго халкъалда кIочон тезавизе. Квералъ хъварал мавлидазул тексталги гIумруялъул хIакъалъулъ цо чанго мукъсанаб хIужжаги гурони гьесул хIакъалъулъ тIокIаб щибниги лъалеб жо букIинчIо магIарулазда.

Амма XX гІасруялъул ахиралда ккарал хиса-басияз рес кьуна ГIумар-хIажил асарал басмаялда рахъизе гуребги, гьесул адабияб ирсалъул гIелмияб цIех-рех гьабизе байбихьизеги, гьесул цIар кIодо гьабизеги.

Гьедин араб гIасруялъул 90-абилел соназда Сиражудин ХIайбуллаевас дагьабго пардав борхана ГIумар-хIажил ирсалда тIад. «Дир рекIел гьудулзаби» (1995) абураб монографиялда гьелъул авторас тIоцебе кьуна ГIумархIажил гIумруялъеги адабияб хIаракаталъеги гIелмияб къимат. Хадубго гьесго хIадур гьабуна ва басмаялда бахъана гIалимчиясул хIакъалъулъ хъвараб цеберагIигун ГIумархIажил мавлидазул тIехьги (1996).
Гьелдаса хадуб магIарул ва гIурус мацIазда басмаялда рахъарал газетаздаги, журналаздаги, батIи-батIиял мажмугIаздаги, тIахьаздаги, гIелмиял хIалтIабаздаги бакI ккуна ГIумархIажил гIемержанралъулаб ирсалъе сайигъат гьарурал материалаз. Гьедин, гIалимчиясул гIумруялъеги адабияб хIаракаталъеги гIелмияб къимат кьун буго А. МуртазагIалиевасул «Турциялъул дагъистан диаспораялъул адабият» (2006), С. ХIайбуллаевасул «XVII-XIX гIасрабазул магIарул адабияталъул тарих» (2007) абурал гIелмиял хIалтIабазда.

КъватIисел пачалихьазда ГIумар-хIажил адабияб ирсалъул киданиги гьабичIо гIелмияб анализги кьечIо гьелъие критикияб къиматги, хасго Турциялда, гьев магIаруласул кIиабилеб ватIанлъун букIараб улкаялда. Гьенир, бусурман дунялалъулго машгьурав хIаракатчи хIисабалда, ГIумар-хIажил хIакъалъулъ баянал дандчIвала гIицIго исламиял энциклопедияздаги, баянтIахьаздаги, динияб жанралъул адабияталдаги. Масала, ГIумар-хIажил динияб хIаракаталъул батIи-батIиял рахъал загьир гьарун хIалтIаби хъварал турказул авторазда гьоркьор рехсезе бегьула Вассап ХIусейн, Жемил Солакогълу, Ирпан Гундуз, Сулейман Зеки Багълан, Жунейт Бинатли ва ц.
ГIалимчиясул гIумруялъулги адабияб гьунаралъулги хIакьалъулъ цо-цо интересал баянал дандчIвала диаспораялъул хъвадарухьабазул асаразулъги.

XIX гІасруялъул 60-абилел соназул ахиралда ГIумар-хIажи гочана Турциялде ва гьенив, Шамил имамасул вас ГъазимухIамадил нухмалъиялда гъоркь Дагъистаналъул мугьажирзабазул полкалъул кьеразда гъорлъ гIахьаллъи гьабула ГІурус-турк рагъулъ (1877–1878).

Рагъдаса хадув гьев вачIана Истамбулалде ва гьенив лъугьуна накъшбанди тIарикъаталъул халиди абураб жамагIаталъул кIудияв шайих Гюмюшханаялдаса АхIмад Зиявудин-апандил муридлъун. Гьев муршидас кьураб буго магIаруласе Зиявудин абураб цIарги.

Истамбулалда ПатІма СултІан мажгиталда аскIоб букIараб мадрасаялда ГIумар-хIажица цIалана тапсирги, хIадисги, усул-пуругІги ва мантІикъ гIелмуги. Гьелъул хIасилалда гьев вахана тасавуп (супизм) гIелмуялъул тIадегIанаб даражаялде. Гьеб даражаялде вахарав гьесие шайих АхIмад Зиявудиница ижазаги кьуна.

ГIусманиязул цIияб конституция лъазабураб мехалъ (1908), ГIумар-хIажица хъвана «ХIадис-и АрбагІин пи ХIукъукъис-СалатІин» абураб падишагьасул хIукъукъ (право) цIунараб тIехь. Гьеб сабаблъун, цIияб гIолохъантурказул хIукуматалъ, тамихI хIисабалда, гьев витIана Мадинаялде. Гьениб гьес бана анкьго моцI. 

Мадинаялда ГІумар-хIажил лъай-хъвай ккола гьеб мехалъ гьениве вачIарав Мисриялъул (Египеталъул) бетIер Хидив ГIабас ХІилми-пашалгун. ХІилми-пашаца гIалимчи ахIула Мисриялде. ГIумар-хIажица гьеб ахIи къабул гьабула ва «Мунтазагь» абураб  кIалгIаялда хъизангун цадахъ рештIуна. Гьениб гьес гьабула имамлъиги мударислъиги. Мисриялда гIага-шагарго ГIумар-хIажица бана анцIго сон.

Истамбулалда ГIумар-хIажица байбихьула муридзабазе шаригIаталъулги тасавупалъулги дарсал кьезе. Гьеб ишалда вукIаго, гьев тIамула «Мадраса-т-ул мутахIасис» абураб мадраясалъул мударрислъунги. Гьениб гьес байбихьула кьезе хIадис ва мазгьаб гIелмабазул дарсал.

ГIумар-хIажи вукIана кIудияв гIалимчи. Гьесда лъалаан магІарул, гІараб, лъарагІ, парс, турк, гІурус мацІалги. ГIолохъанаб заманалдаго, Дагъистаналда цIалулеб мехалъ, гьес  анлъго моцIида жаниб рекIехъе лъазабуна хирияб Къуръан. Гьелдаго цадахъ ГIумар-хIажица, цогияздаса тIокIаб даражаялда, рекIехъе лъазабуна хIадис гIелмуги. Хасияталъулги тIабигIаталъулги рахъалъ ГIумар-хIажи вукIана тархъанаб, лъиданиги бачIеб пикруялъул, бахIарчияб гIамал-хасияталъул инсан. Жиндирго пикру, ахIвал-хIал загьир гьабизе, хIакъаб жо бицине гьев хIинкъулароан, хIатта живго падишагьасдасагицин.

ГІусманиязул империя биххун унел соназда, турказул ахирав султIан МехIмед VI (ВахIидуддин) вачIуна ГIумар-хIажихъе мадрасалде ва гьесда гьарула империялъул шайхул-исламасул хъулухъ тIаде босеян. Гьелъие шайихас кьола гьадинаб жаваб: 

Бицен буго, ГIумар-хIажил гьеб жаваб машгьурлъанила ислам диналъул тарихалда жанибилан.

ГIумар-хIажи Зиявудин хвана 1921 соналъул 18 ноябралда рузман сордоялъ. Гьев вукъана Истамбулалда Сулеймания мажгиталъул азбаралда, султIан Сулейманил агьлуялъул хабалазда.

ТIадехун абухъего, ГIумар-хIажица нахъе тана гIараб ва турк мацІазда хъвараб бечедаб гIелмуги рахьдал мацIалда хъварал пасихIал, магIна гъваридал, ислам диналде халкъалъул ракI буссинабулел мавлидалги туркабиги. Гьеб къиматаб ирсалъул сурат цебечIезабизе кумек гьабула гIалимчиясул гIелмиялгун адабиял хIалтIабазул гьаб сияхIалъ:

 
 
  




#Article 17: Чечевица (214 words)


Чечевица

XX гӀасруялъул пиргӀавназул цояв ИстӀалинил буюрухъалдалъун, 1944 соналъул 23 февралалда чачаналги ингушалги Гьоркьохъеб Азиялде гочинариялъул «Чечевица» абураб операция байбихьана. СССРалъул жанисел ишазул нарком Лаврентий Берияца жинцаго нухмалъи гьабуна гьеб вахӀшияб тадбиралъе. ЧИАССРалъул 650-азарго чи хӀалгьабун гъуна Казах ССРалъул ва Киргиз ССРалъул гӀицӀал авлахъазде. «Спецконтингент» абун цӀарги лъун, къайи баччулеб 180 поездалда, квана-гьекъезе жоги кьечӀого, тӀубанго лъугӀизаризелъун ватӀаналдаса хъамуна нилъер мадугьалзаби. ГӀемераб заманаялъ чӀагоязда гьоркьор хутӀулаанила поездалъур хваразул жаназаби. Поезд лъалхъараб къокъал, къанагӀатал лахӀзатазда жанир гъоркье рахъизе толел рукӀун руго гьел. Амма рукъизе риччалел рукӀинчӀо. Маххул нухда аскӀоре рехун тезарулаанила.

П. Цороевас ва Т.Уцаевас «Кавказалъул харбал» басмаялда хъвалеб буго: «КӀудияб ВатӀанияб рагъул фронталъе заралги ккезабун, «Чечевица» операция гьабизе Кавказалде рехана НКВДялъул, НКГБялъул ва СМЕРШалъул 120 азарго рагъухъан. 65 вагон щибалда бугеб 180 поезд хӀадурана. Чанги росабалъ киналго гӀадамал гъурана, чӀагого рухӀаралги ккана. Ракъиялъги, рахунел унтабазги, гӀазабазги чачаназулги ингушазулги бащдаб халкъ тӀагӀана», - ян.

Цо-цояз абула Гитлерил рахъалде инчӀого рукӀине гочинарунин халкъалилан. ЛахӀчӀегӀераб гьереси. 1944 соналда фюрерил рухӀ щокъробе щун букӀана. Чачаналги ингушалги КӀудияб ВатӀанияб рагъдаги бахӀарчиго рагъана. Чачаназул багьадурасул хӀакъалъулъ гьадинал рагӀаби руго ЦӀадаса ХӀамзатил: «Азариде гӀунтӀун гӀалхул бандазе Бидулаб хвел кьурав Ханпаша киса?» - абун. Улкаялъул цойги миллатазулги рукӀана асиралги хияналъаралги. Би гьекъон гӀорцӀуларев, бетӀер сверарав ИстӀалинил хӀай букӀана 1944 соналда чачанал, ингушал, балкарал, калмыкал, карачаевал, Крымалъул татарал, туркал-месхетинал ватӀан тун къватӀире къотӀи. 

  




#Article 18: Сасикьа МухӀамадил ГIабдурахIим (407 words)


МухӀамадил ГӀабдурахIим МухIамадов (; гьавуна 15 январалъ 1943 с.) -  исламалъул дагӀватчи ва хъвадарухъан. ГӀадамазда гьев лъала жиндир тӀахьаздалъун ва жеги лъикӀ Хирияб Къураналъул таржамачи гӀадин.

Гьавуна 1943 абилеб соналъул 15 январалъ ЦӀумада мухъалъул Сасикь росулъ. 1957 абилеб соналъ гьеб росдал школалъул анкьго класс цӀалун лъугьизабуна щуйилал къиматазда ва цӀализе лъугьана МахӀачхъалаялда букӀараб медучилищаялда.
Рокъосан санагӀалъи букӀинчӀого цӀали лъугьичӀого 1959 абилеб соналъул ахиралда акамедический отпуск босун рокъов вачӀана.
Гьелда хадув Силди, Гьакъоб, Хъварши, Сасикь медпункталъул заведующийлъун хӀалтӀана.

Дагьаб мехалъ Сириялде ун гьенир ругел гӀалимзабаздасанги мунфагӀат босана. ГӀараб гӀелму цӀализе байбихьараб къоялдасан нахъе, жинда лъараб жо цойгидазда малъизеги бай бихьана. Гьелъул хӀасилалда лъеберилъаги арал гьесул рукӀарал мутагӀилзаби, цӀаларал чагӀилъунги рахъун, росабалъ мажгитазул имамзабилъунги, мадрасазда мугӀалимзабилъунги хӀалтӀулел руго. ГӀелму цӀалиялда цадахъ ГӀабдурахӀимица яхӀ бахъана бусурбабазе чара гьечӀел мажсжидал мадрасаби разеги.
Жеги дин гьукъараб коммунистазул заманаялъ, 1980 соналъ бай бихьана Сасикь росдал масжид цӀи гьабизе. Колхозалъул складги жаниб лъун, бихун унеб букӀана гьеб. ГӀемер гӀакъуба бихьун, хӀукуматалъул тӀалъиялъулго дагӀбаги гьабун, гьеб масжид цӀи гьабуна, гьенибе тӀокӀаб складги биччачӀо.
ЦӀияб Сасикь росулъги изну кьураб гьечӀониги, какал ралеб гьитӀинаб масжид букӀана. 1988 соналъул ахиралда росдал жамагӀатги цадахъ лъугьинабун, гьезие нухмалъиги гьабун, байбихьана цӀияб масжид базе. Гьеб букӀана Дагъистаналдаго цӀияб балеб тӀоцебесеб масжид. Хадур лъугьун хӀукуматалъул хӀалтӀухъабиги рукӀана квал-квал гьабулел. Ункъо моцӀ гӀанасеб мехалда жаниб масжид бан лъугӀана ва жакъаги гьеб росдал аслияб масжидлъун буго.
Гьелдасан хадубги росулъ кӀиго мадраса баялъе нухмалъи гьабуна, жеги цойги авал-мажгитги бана.

ГьабсагӀат зарбоялда кьун буго гӀурус мацӀалда Къуръаналъул лъабго ахираб жузалъул тафсир. Гьеб буго цойги мацӀ бицунел лъимал цӀалулеб мадрасалъе хӀадурараб тӀехь.
Гьединго гӀурус мацӀалда хӀадурун буго ва кватӀичӀого къватӀибе бачӀине буго Фикъгьиялъул масъалаби жанир ругеб тӀехь.
Гьеб цӀакъго хӀажатаб хӀалтӀи буго мадрасазе ва киналго бусурбабазе.
Гьесул тӀахьал цойгидазул гӀадин гӀисинал барашюраби гурел ругел, гьел руго чӀахӀиял, тӀад гӀемераб хӀалтӀабиги гьарурал, гӀелму цӀалулезеги, гьелда рокьи бугезеги кӀудияб пайда-хайир кьолел
Росдалги Дагъистаналъулги жамгӀияб хӀалтӀулъги ГӀабдурахӀимица жигараб гӀахьаллъи гьабуна. Гьесул квербакъиялдалъун рагьана ЦӀияб Сасикь росдал Администрация. Бана росулъ тӀощел хенолеб гьобо.

Бицун хӀал кӀолареб гӀадаб квер бакъана ГӀабдурахӀимица Дагъистаналда Ислам цебетӀеялъе. Инкъилаб ккезегӀан цебе ЧӀохъа МухӀамадмирза Мавраевасул басмаханаялда рахъарал гурел, тӀокӀаб хаду тӀахьал риччазе рес кибе букӀараб. БукӀарабги гӀелмуги, Къуръаналги тӀагӀун лъугӀун гурищ рукӀарал Дагъистаналда. Коммунистазул замналдаги, Тафлисалда , Бакуялда унги балъго рахъизарун, Къуръаналги гӀажамги, гӀарабги тӀахьалги рачӀунаан гьес бусурзабазе. Гьеб сабаблъун хӀукуматалъул идарабазул данде ккунгутӀиги букӀунаан гьесул.
ГӀабдурахӀимица тарбия кьун гӀезабуна анцӀго лъимер. Гьел киналго руго исламияб дин ккурал. Росдае хӀажаталъур ратулел. Чанго нухаллъ хӀежги борхана гьес.
Божи буго ГӀабдурахӀимица жегиги гӀемераб хӀалтӀи гьабилин Дагъистаналда Ислам цебе тӀеялъе.




#Article 19: Исламалъул аварагзаби (290 words)


Исламалъул аварагзаби ()

Аллагьасул русулазда (илчизабазда) кин ракI чIезабилеб. Дуца ракI чIезабизе ккола Аллагьас гIадамазда гьоркьоса тIасаги рищун, жидехъе вахIюги рещтIун, халкъ Аллагьасул диналде ахIизе ритIарал Аллагьасул бищунго хириял лагъзал гьел ругилан абун.
Гьезул тIоцевесев Адам ккола, ахирисев МухIаммад ккола. Цересел русулал хассал бакIазде, хассал гIадамазде, хассаб заманалда ритIарал рукIана, МухIаммад Авараг тIолабго халкъалъухъе, киналго бакIазде къиямасеб къо чIезегIан витIарав ахирисев Аварагги расулги ккола.

ЦIарцIар ккун ракI чIезабизе кколел аварагзаби руго гьал Къуръаналда цIарал рехсарал аварагзаби:

Аллагьас халкъалдаса тIасаги рищарал, жидехъе вахIюги рещтIарал, халкъалъухъе гьеб щвезабизе тIадги къарал Гьесул хассал лагъзадерида илчизабиян (русулал) абула. Гьединго тIаса рищарал ва вахIюги рещтIарал, гьеб халкъалъухъе щвезабизе тIад къачIел Гьесул лагъзал аварагзаби (анбияъал) ккола. Илчизаби гьединго аварагзабилъунги ккола. Гьезул мухIканаб рикIкIен Аллагьасда лъала. Цоцояз 124 азарго авараг вукIанинги абула, ва гьезул 313 илчизаби рукIанинги абула.

Гьел русулалги аварагзабиги хIакъал рукIин сундалъун чIезабулеб? Гьеб чIезабула Аллагьас гьезие кьурал мугIжизатаздалъун.

Гьезие рукIине тIадал сифатал: божарал, аманат бугел рукIин; кидаго битIараб бицунеллъун рукIин; тIубанго мунагьаздаса цIунараллъун рукIин; тIад къараб кинабго жо халкъалъухъе щвезабулел рукIин; гIакълу камилал, пикру цIодорал рукIин; бихьинал ва
узденал рукIин.

Гьезие рукIине ресго гьечIел сифатал: хиянат гьаби; гьереси бицин; тIад къараб щибниги жо халкъалдаса бахчи; кинабгIаги мунагь жидехъа лъугьин; гьагал, пикру хIинцал рукIин; руччабаздаса яги лагъзадеридаса рукIин. Гьал сифатаздаса киналго аварагзаби рацIцIадал руго.

Аллагьасул халкъалъул бищун хириял аврагзаби ккола, гьезда гьоркьосаги бищун хириял илчизаби ккола, гьезда гьоркьосаги бищун хириял «улулг-Iазми» ккола ай, НухI, Ибрагьим, Муса, ГIиса, МухIаммад. Гьезулги бищун хирияв тIолго халкъалдаса тIаса вищарав тIолго гIаламалъе рахIматлъун витIарав МухIаммад Авараг ккола.

Гьезие дурусал, ай рукIине бегьулел сифат ал: ГIадамазе рукIунел гIадатиял сифатал гьезиеги рукIине бегьула: кванай, гьекъей, кьижи, руччаби рачин, ццин бахъин, унти, хвейи, рохи, пашманлъи, свакай, рахIат, ва гь. ц. Амма гьездаса гIадамазул ракI буссунел гьезул къадру гIодобе кколел гIузрабаздаса гьел рацIцIадал руго. 




#Article 20: МухІаммад (682 words)


МухІа́ммад  ( ), 570 соналъул 26 апрелалъ Маккаялда гьавурав ахирисев авараг. Аллагьас гьесухъе  рещтІана вахІйалдалъун Къуръан. МухІаммад  вукІана цеветІурав сиясатчилъунги, рагъул цевехъанлъунги ва гьединго тІоцебе бусурбабазул умма жинца гІунцІцІаравлъунги. Гьев чІаго вугев мехалда, тІолабго ГІарабазул бащадабчІинкІиллъи букІана исламалъул ракьлъун.

Исламалда цІаралъе кІудияб кІвар кьола. «МухІаммад» абураб цІаралъул магІна буго «Жиндие рецц гьабулев», «Реццалъе мустахІикъав». Къуръаналда жаниб гьеб цІаралдалъун аварагасул рхсей ункъго нухалъ гурони гьабун гьечІо. Къуръаналда аварагасул бицен гьабун бицунеб бакІазда гьесде абулел руго батІи-батІиял цІарал: (ан-Наби) - авараг, (Расул) - чапар, (ГІабд) - Аллагьасул лагъ, (Башир) - рохел бицунев, (Назир) - хІинкъи кьолев, (Музаккир) - ракІалде щвезабулев, (Шагьид) - нугІлъи гьабулев, (ДагІий) - Аллагьасда гьардолев ва гь.ц. 

Аварагасул цІар бахъун хадуб, гьесде «Салла-л-Ла́гьу гІалайгьи ва саллам» () -абун салават битІула.

Муъминзабаз аварагасде  хитІаб гьабун кІалъалел маехалъ, Абул-Къасим абун тІокІцІар ахІун гьабулаан гьесде хитІаб ва авараг чІаго вугев мехалда цо гьесул гурони букІинчІо гьединаб тІокІцІар. Гьесде данде тущманлъи гьабулел капурзабаз гьесде Ибн Абу Кабша абун ахІулаан, гьелъул магІна буго Абу Кабшал вас абураб, Абу Кабша вукІана аварагасул  рахьдал эбел ХІалиматил бетІергьанчи.

ИсмагІил аварагасул гІалайгьи ссалам наслуялъул МухІаммад авараг, кутакалда батІа вахъулев вукІана хутІарал гІарабаздаса, гьесул черхалъул хъахІаб кьералдалъун. Гьесул заманаялъ рукІарал асхІабзабазул р.гІ. рагІабазда рекъон, авараг вукІана кІигъажалъан гІебав, гьоркьохъеб халатлъиялъул, кверал ва угъдул чІахІияв. Гьесул  мегеж букІана ризаб, кІалги бералги гІатІидал. Гьодида кІигъажада гьоркьоб букІана авараглъиялъул хатму (печать).. Гьесул  рукІана халатал берзул тІелхал, гургин ккарал кьунсрул ва халатаб габур.

Исламалъул кІудияв гІалим ва тарихчи Абу ЖагІпар МухІаммад атІ-ТІабарияс жиндирго «Тариху атІ-ТІабари» абураб тІехьалда хъван буго аварагасул сипаталъул хІакъалъулъ гьадин:

Аварагасе  бокьулаан хъахІаб кьералъул ретІел ретІине. ГІемерисеб нухалда гьес  ретІунаан халатаб горде ва мухъахараб йаманалъул гужгат ва гьединго чалмаги изарги (тІажуги). Квералда гьес  хун букІана баргъич, жинда тІад «МухІаммад — Аллагьасул авараг» - абун хъвараб. Гьев  вукІана вацІцІадав, мискалъул махІ гьабулаан ва мисвакалдалъун гІусал чурулаан Гьев  кІалъаан пасахІатго, къокъго баянго, цо-цо мехалда лъабго нухалъ такрар гьабулаан бицараб жо, гІадамазда рекІелъ бессизегІан. Гьев  гьоркьо-гьоркьов гьимулаан ва цо-цо нухалъ велъанхъулаан ва гьесул ракьандаса гІусал рихьулаан.

МухӀаммад авараг  Маккаялда гьавуна ГӀабдуллагь инсуе Аминат эбелалъе. Эбелалъул ургьив вукӀаго гьесул эмен хвана, анлъго сон тӀубан хадуб эбелги хвана. ХӀалиматица хахизавуна, эбел эмен хун хадув кӀудияв эмен ГӀабдулмутӀалибица хьихьана, гьев хун хадуса инсул вац АбутӀалибица хьихьана. ГьитӀинаб къоялдаса нахъе гӀамал тӀабигӀат берцинав, намус бацӀцӀадав, битӀараб гурого бицунарев, киналго квешал гӀадатаздасаги рекъечӀеб хьвадиялдасаги вацӀцӀадав вукӀана. КӀикъого сон барав мехалъ Аллагьас гьев Авараглъун гьавуна, расуллъунги витӀана. Гьев Аллагьасул
аварагги расулги вукӀин лъазе Аллагьас гьесие гӀемерал мугӀжизатал кьуна: моцӀ хъвалхьи, лъималаз, рухӀ гьечӀел жалаз, хӀайваназ Аллагьасул расул вугилан нугӀлъи гьаби, килщаздаса бодуе гӀураб лъим бакки ва гь. ц. Гьесие кьурал мугӀжизатазул бищун кӀудияб мугӀжизат ккола хирияб Къуран. Аллагьасул рахъалдаса Жабраилас босун бачӀун дагьдагь ккун къоло лъабго соналъ гьесде рещтӀана Къуръан. Гьес Аллагь цо гьавиялде, ай Аллагьасул диналде къоло лъабго соналъ халкъ ахӀана. Гьесул дин гьукъизеян абун мушрикиназги, мунафикъзабазги, ягьудиязги, насраниязги гӀемераб дандечӀей гьабуна. Гьесги гьесул асхӀабзабазги Аллагьасул диналъе гӀоло гӀемераб сабру гьабуна. Гьездаги капурзабаздаги гьоркьор рагъал ккана. ГӀараб чӀинкӀиллъиялда Ислам тӀобитӀун хадуб дунялалдаго тӀобитӀизе гьебги биччан камилаб куцалда гьеб дин халкъазда малъун гӀумруялъул лъабкъоялда лъабго сон тӀубан хадуса гьев хвана, Мадинаялда вукъизеги вукъана. 

МухӀаммад авараг , гьесул эмен ГӀабдуллагь, цинги ГӀабдулмутӀалиб, Гьашим, ГӀабдулманап, Къусаййу (Къусай), Килаб, Муррат, КагӀбу, Луаййу (Луай), Гъалиб, Пигьру (Пигьр), Малик, Назр, Кинанат, Хузаймат, Мудрикат, Иляс, Музар, Низар, МугӀад, ГӀаднан.

МухӀаммад аварагасул  эбелалъухъан умумузул тартибалъул бицани, гьев ккола Аминатил вас, Аминатги ккола Вагьбил яс, Вагьбу ккола ГӀабдулманапил вас, гьевги – Зугьратил вас, Зугьратги – Килабил вас. Гьев Килабилъ хирияв Аварагасул эбелалъулги инсулги кӀиябго насаб жубала. Гьаб ккола, тарихалъул гӀалимзабиги насаб лъалел гӀалимзабиги – киналго тӀад рекъараб, гьесул умумузул тартиб. Гьаниса тӀадехун рехсараб насабалда сверухъ хилаф буго. Амма киналго тӀадрекъараб хӀукму ккола МухӀаммад аварагасул насаб Ибрагьим аварагасул вас ИсмагӀил аварагасда хурхараб букӀиналда. Гьесул киналго умумул рукӀана тавхӀидалда, ай, Аллагь цо гьавулеллъун, хъанчие лагълъи гьабулареллъун. («ПатхӀул гӀалам» т. 1, гьум. 152). Гьесул умумул, инсухъан рукӀа, эбелалъухъан рукӀа, киналго рукӀана жидер заманалъул бищун къимат-къадру бугел, заманалда рекъон, шаргӀияб магьари лъун гурого, жал данделъичӀел, зина гьаби гӀадал квешал пишабаздаса жал цӀунарал. Хириясул хӀадисалда буго: «Дун загьирлъана никахӀалдалъун, дун загьирлъичӀо зинаялдалъун, Адамидаса байбихьараб дир эбел-инсухъе щвезегӀан дун, умумуз магьариги лъун, загьирлъана» - абун (Ибну ГӀадди, ТӀабарани).

Хирияв аварагасул инсухъан тартибалъул хӀакъалъулъ дагьаб гӀатӀидго:




#Article 21: ХӀоцоса Нажмудин (314 words)


ХӀоцоса Нажмудин ялъуни  Имам Нажмудин (гӀурус мацӀалда Нажмуд[д]ин Гоцинский ; 1859 - 1925), сиясатчи, гӀалимчи ва инсан. 

Дагъистаналъул тарихалда ХӀоцоса Нажмудинил хӀакъалъулъ гӀадин жинда тӀасан гӀемерал гьерсал рицарав, чорокал бугьтанал лъурав чи тӀокӀав батӀияв ватизе рес гьечӀо. Дагъистаналъулги Чачаналъулги имам ХӀоцоса Нажмудин кидаго рикӀкӀунаан ва жеги рикӀкӀуневги вуго жиндирго ватӀаналда хӀукуматалъулги халкъалъулги кӀудияв тушманлъун.

Совет тарих гӀелмуялда ХӀоцосев рикӀкӀунаан гьересияв имамлъун, хъачагъазул цевехъанлъун, хӀарамаб бечелъиялъул бетӀергьанлъун ва гь.ц.

Совет хӀукуматалъе гӀоло гьабураб къеркьеялъул хӏакъалъулъ тӀасан хъварал гӀелмиял хӀалтӀабаздаги цӀализе хъварал асараздаги ХӀоцоса Нажмудинил хӀакъалъулъ хъвалаан кӀудияб рокьукълъигун, гӀадада гӀемераб халкъ гъуризабурав хӀарамзадал хӀакъалъулъ гӀадин. Дагъистаниязул чанго наслуялъул пикруялъулъ куцана Нажмудинасдехун рокьукълъи. Гьелдаса хадуб цӀакъ захӀмат букӀана ва гьанжеги буго гӀадамазда къабул гьабизабизе гьесул хӀакъалъулъ абураб ритӀухъаб рагӀиги гьезул пикруялъулъ лъугьараб гьесул чӀегӀераб сураталъухъ гьел батӀайиса ралагьизаризеги.

Жакъа Дагъистаналда цӀакъ гӀемераб адабият, асарал, гӀелмиял хӀалтӀаби руго хъван Совет хӀукуматалъе гӀоло къеркьарал инкъилабчагӀазул хӀакъалъулъ. Гьезул хӀакъалъулъ рахъун руго кинопилмал, гьарун руго телевидениялда рахъарал параграмаби, гьезул цӀарал кьун руго шагьаразул къватӀазе, росабазе ва гь. ц.

Октабиралъул инкъилабги Россиялда коммунистазул хӀакимият чӀезабиги ХӀоцоса Нажмудиница къабул гьабичӀо, хӀатта гьелдехун гьесул букӀана тушманлъиялъулаб бербалагьи.

МугӀрузулаб Жумгьурият биххун ва хӀукуматалъул бетӀерлъуде генерал МикагӀил Халилов вачӀун хадув Нажмудин данде чӏеялъул рахъалде уна. Гьес къабул гьабичӀо Халиловасул хӀукуматги гьелда хадуб бачӀараб коммунистазул низамги.

Дагъистаналъул тарихияб адабияталда ахираб заманалде щвезегӀан букӀинчӀо ХӀоцоса Нажмудинил гӀумруялъеги хӀаракаталъеги битӀараб ва хӀакъикъияб къимат кьураб асар.

ГӀицӀго 2005 соналда бахъана басмаялда Нажмудинил хӀакъалъулъ лъикӀаб, рагӀа-ракьанде щун, гьесул бечедаб гӀумруги, гӀелмуги, хӀаракатги баян гьабураб тӀехь – «ХӀоцоса Нажмудин: ХХ гӀасруялъул тӀоцебесеб ункъил бутӀаялда Дагъистаналда жамгӀиябгун сиясияб къеркьей». Гьеб къиматаб хӀалтӀи хъварав чи ккола тарихиял гӀелмабазул доктор ХӀажи-Мурад Доногъо. 

Живго имам Нажмудин чӀвана Ростов шагьаралда 1925 соналъул 15 октябралда. 

КигӀан коммунистазул заманалда Нажмудин халкъалда кӀочон тезавизе хӀаракат бахъаниги, гьев кӀудияв мужагьид, гьунар тӀокӀкӀав гӀалимчи, чилъи кӀудияв инсан, гӀагараб халкъалда кӀочон течӀо ва тезе гьечӀо. Щибниги щаклъи гьечӀо, гьесул цӀаралъги, гӀумруялъги, хӀаракаталъги гӀагараб заманалда жаниб жиндирго мустахӀикъаб бакӀ кквелеблъи Дагъистаналъулги Кавказалъулги тарихалда.

  




#Article 22: Сочи (212 words)


Сочи 

Зулмуяб рагъул хIасилалда Россиялъул империялъ кавказиязухъа бахъараб ракь ккола Сочи. Гьениб олимпиада гьабиялда жал дандечIарал ругилан лъазабуна, Кавказалъул рагъ лъугIидал, гьаниса къватIире гъурал бакIалъул гIадамазул ирсилаз (Турциялда ва цойги бусурбабазул пачалихъазда гIумру гьабун руго гьел). Гъоркьиса сентябралда къватIибе бачIараб «ХIакъикъаталъул» кIудияб газеталда, авар мацIалде таржама гьабун, дица бахъун букIана Борис Соболевасул «Гьужум хираго чIезе буго…» абураб тIехьалъул цо бутIа. Гьебго асаралда Сочиялъул хIакъалъулъ гьадин хъвалеб буго авторас: «Гьелдалъун Кавказалъул рагъ лъугIичIо. Шамил асирлъидал, Чачанлъиги Дагъистанги мутIигI гьабидал, рагъулал тадбирал Бакъбаккул Кавказалдаса БакътIерхьул рахъалде рехана. Гьенир гIумру гьабун ругел къавмазде гIамм гьабун черкесалилан абулаан гIурусаз. Гьезул чанго бикь-бикьараб къавм мукIур гьабизе хIажалъана гIицIго щуго сон. Чачанлъиялдаго гIадал къагIидабаздаса пайда босана гьанибги. Амма букIана цохIо батIалъи – мутIигI гьарурал черкесаздаса тIалаб гьабулеб букIинчIо пачаясул тIалъиялъе мукIурлъи, гьа бай. Гьезда тIадаблъун гьабуна цохIо жо – Россия жибго тун, мугъ берцин гьаби. Сочиялда аскIоб буго БагIараб Тала (Красная Поляна) абураб бакI. Ункъо батIияб рахъалъан бачIун, БакътIерхьул Кавказ кверде босараб гIурусазул ункъо гучаб къокъа цолъана гьаниб. Гьеб дандчIвай ккараб къо, 1864 соналъул 21 май, лъазабуна Кавказалъул рагъ лъугIараб къолъун. Гьайгьай, гьеб дата букIана гIицIго кагътида бугеблъун. ХIакъикъаталдаги доб рагъул бергьенлъиялъул къо кIиго буго. ТIоцебесеб – Шамилги кверде вачIун, Бакъбаккул Кавказ мутIигI гьабураб къо. КIиабилеб – бакIалъулал халкъазул ахирисев чи Турциялдеги хъамун, БакътIерхьул Кавказ кодобе босараб къо.

  




#Article 23: Турциялъул магӀарулал (101 words)


Туркиялъул магӀарулал () 

Узухъда, Туркиялъул магIарулал ккола батӀияб пачалихъалъул гӀадамал. Гьезул гӀемерисезда жидер тарихияб ватӀан – Дагъистан – бихьичӀо. Гьезда ватӀаналъул хIакъалъулъ лъала умумузул биценаздасан, гьезул рекӀел угьиялдалъун, берзул магӀуялдалъун. Дагъистан тун батӀияб бакӀ гьез ватӀанлъун рикӀкӀинчӀо. КъватӀисеб улкаялда гӀумру гьабун рукӀаниги магӀарулаллъун дол гьарула мацӀ цӀунун букӀиналъ, жидерго тӀабигӀаталъ, чорхолъ бугеб магӀарул рухӀалъ. 

ХӀакъикъаталдаги гьеб кканилан абизе бегьула Туркиялде гьабураб сапаралда, - ян бицана кочӀохъанас. – Гьениб чанго батӀияб миллаталъул (лъарагIал, магIарулал, даргиял…) дагъистанияз бицунеб букӀана цохIо магӀарул мацӀ. БитӀахъе бицани, авар мацӀалда кечӀ ахӀулеб мехалъ гьезул бадиб магӀу хулулеб букӀана. Туркиялда ругел нилъер дагъистаниязе нижер церерахъиназ кӀудияб асар гьабуна. 

  

  

 




#Article 24: ГIусман-хIажи МухIамадов (194 words)


ГIусман-хIажи МухIамадов, МагIарул мацIалъул ва адабияталъул мугIалим, фольклорист.

ГIусман-хIажи МухIамадовасул гIумруялъул, хIаракатчилъиялъул, гIамал-хасияталъул цо бутIа рагьулеб буго нилъее гIалимчиясул тIадехун рехсарал ракIалдещвеяз. ГIусман-хIажиясул захIматаб, хIикматаб къисматалъул унго-унгояб, рагIа-ракьанде щвараб сипат бахъараб очерк ялъуни макъалабазул цоги жанр газет-журналазда дида бихьичIо.

ХIакимзабазе, «цIиял магIарулазе» ва цоги гьезда релълъарал «чванта бицатазеги тах борхатазеги» икрам гьабурал, гьезул букаранщинаб бакI хъасарал, авторасе хинкIги чуриги щварал хъвай-хъвагIаял гIемер рачIуна редакциялде ритIун, гьезул чангиял къватIиреги уна. ГIадатиял гIадамазул, «хъабчилъ ругел бахIарзазул» гIумруги рохел-къварилъиги рагьарал кагътал къанагIалъун руго.

ГIусман-хIажи МухIамадовас магIарул адабияталъе гьабураб кIудияб, ракIбацIцIадаб хъулухъ миллатцоязда бихьизабизе кIун батани, гьаб гьумералъул мурад тIубараблъун рикIкIуна дица. Жиндир хIакъалъулъ тIехь хъвазе мустахIикъав чи вукIана мунагьал чурад. МагIарул росабалъе ине бокьуларого рукIуна гьанже авар газеталъул хIалтIухъаби. ГIусман-хIажияс абуни магIаруллъи бега-гилана. КигIан гIемерал пайдаял дандчIваялдай гьес росабалъ тIоритIарал! Къалмиде росичIого кигIан интересал лъугьа-бахъиналдай хутIарал! Гьанжеялдаса 9-10 соналъ цебего дица ГIусман-хIажиясда абун букIана дур гIумрудул хIакъалъулъ хъвазе бокьун бугин, разилъиларищан. Рецц-бакъ къабуллъуларев гьес дие инкар гьабуна. Гьелъги бицуна чиясул хасияталъул, рухIияб борхалъиялъул. Чанги гIелмабазул кандидатасул хъвай-хъвагIаяздаса багьа цIикIкIараб хIалтIи гьабуна ГIусман-хIажияс. Дида лъикIаблъун бихьула хадубккун Гумбет районалда гьесул юбилей гьаби. Гьелде данде ккезабун, ГIусман-хIажиясул цIарги тIад хъван, ГIали-хIажиясулги МахIмудилги хIакъалъулъ гьес ракIарарал баяназул тIехьги къватIибе биччазе.
 

  




#Article 25: ГIаихил Марин (392 words)


ГIаихил Марин  (1840—1905)

Авар халкъалъул тIоцеесей шагIир, Аваристаналдаго цIар рагIарай магIабазул ва рокьул кучIдузул устар, ГIанхил Марин гьаюна 1840 соналъ Ругъжаб росулъ. Марин йикIун йиго гьоркьосеб черхалъул, чIегIерал беразул, чIегIеркIуяб гьурмал, берцинай гIадан.

Мариница кучIдул гьари гуреб гьел ахIулелги рукIана. Маринил букIана бихьинчиясул гIадаб гьунар, яхI. Гьединлъидалги гьелъ, гьеб диналъул законал бищунго мухIканаб заманалда, ахIана кучIдул жиндир рокьул бицун, жиндир рекIел хIалал загьир гьарун. ХIинкъичIого гьелъ лъазабуна зулмучагIазда жиндир гьезде бугеб рокьукълъи. Нахъе къачIого Мариница тIалаб гьабуна мискин халкъалъе, хасго, руччабазе эркенлъи. ТIоцебесеб иргаялда гьелъие бокьараб эркенлъи букIана рокьул рахъалъул эркенлъи, гьелда бащадго мискинхалкъ зулмучагIазул кверщаликьа бахъи. Гьеб кинабго букIана гьеб заманалда гIемер кIудияб ва бихьинав чиясецин захIмалъизе бугебгIанаб иш.

Мариница тIоцебе кечI кида гьабизе байбихьарабали абизе захIматаб буго, гьелъул рахъалъул нилъее щвараб баянлъиги гIемер дагьаб буго, амма Ругъжаб росдал харабазул биценазда рекъон абизе бегьула гьелъ тIоцебе рокьул кечI гьабунин. Амма вац цIоралдаса чIван вачун хадуса Мариница гьарунин магIабиги. Мариние цIакъ захIмалъана ва бакIлъана жинцаго нух битIарав вац ЦIоралдаса чIван вуссин. Абухъе гьелъ тIоцебе магIо гьеб заманалъ гьабунин. Гьединго нилъеда лъала Маринил СалтIа кварида ран чIварал рагъухъабазде гьабураб магIоги. Абухъе гьелъ гьеб магIо гьенир чIваразул жаназабазда сверун чIун ахIарабин.

Росдал харабаца абухъе, Марин йикIана бадиса - бадиб рагIи абулей, квешалда квешабин, лъикIалда лъикIабин абулей гIадан. Гьеб захIмалъулеб букIана росдал ихтияр кодосел, жамагIаталъул боцIи - гIарац кванан гIумру тIамулел чагIазе. Мариница жиндир рагIи кIалаца аби ругеб, гьеб ахIиги цIакъ бакIлъулеб ва хечлъун къалеб букIана гьезда. Мариние гудур гъолаго чанги соназ гьединал чагIаца бугьтанал рехана гьелде, рогьоял хIехьезе ккана гьей. Амма гьей юцIцIичIо сунцаги. Ахирги гьелъ кучIдул гьаризе тезе гьечIеблъи лъарал росдал ихтияр кодосез гьелъул кIал букъана, росдал гIодосел хабзалалъ занидаги юхьун. Амма кьварарай, къвакIарай магIарул кочIохъаналъ ахIана жеги кечI, кIал букъун хадубги. Абуна гьелъ жиндир рагIи! Жиндир яхIалдалъун гьелъ баян гьабуна жий чIужугIадан йигониги гьединал чIужугIаданалда квер борхизе нахъе цIаларел бихьиназда цее къуркьуларин, хIинкъуларин. Амма балагьлъун ккана Мариние жиндир гIамал, абулеб рагIи - замана букIана гьединаб, чIужугIаданалъул ихтияр букIинчIо сундуеги. Марин росдал кверщел кIудиял чагIаца росулъа къватIие ахIана. ГIумруялъул лъабго сон шагIиралъ тIамуна Гьидалъ. Абухъе Марин Гьидалъ кидаго урхъун йикIуна гIагарлъиялъухъ, жий гIураб росдахъ, мадугьалзабазухъ. Гьеб кинабго гьелъ бихьизе гьабун буго Гьидалъ гьарурал кучIдузулъ. Амма гьелда башадго гIадин гьелъул кучIдузулъ цIикIкIуна зулмучагIаздехун рокьукълъи.

Жиндир тухумалдаса чиясе йокьаниги Марин росасе уна МухIамад абурав мискинав чиясе. Гьесие гьелъ гьабула кIиго лъимер: вас ГIумар, яс ГIайшат. Хванила Марин унтун 1905 соналъ. Юкъун йиго гьей Ругъжадерил хабзалалъ.   




#Article 26: ХъахӀабросолъа МахӀмуд (539 words)


ХъахӀабросолъа МахӀмуд (1873 - 1919)

Файл: Махмуд из Кахабросо.jpg МахIмудил хIакъикъияб сурат
МагӀарулазул гьунар тӀокӀав шагӀир, литератураялда жаниб жиндир цӀар меседил хӀарпаздалъун хъварав, МахӀмуд гьавуна, гьанжесеб Унсоколо районалъул, ХъахӀабросолъ. Мискин - къварилъиялда жанив гӀурав чи вукӀана гьев. Гьесул эмен Анасил МухӀамад вукӀана рохьоб тӀурччи бухӀун гьеб Хунзахъ базаралда бичизе хьвадулев чи. Жиндир чара - гьунаралда балагьун МухӀамадица пикру гьабула вас мадрасалде цӀализе кьезе. МутагӀиллъиялда уна гӀумруялъул чанги сонал шагӀирасул. Цогидал мутагӀилзабазда цадахъ гьевги щола росулъа росулъе. Амма МахӀмуд вукӀана гьитӀинаб заманалдасанго цӀакъго кочӀода варав чи, гьев жиндир динияб гӀумруялъ, исламияб цӀалиялъ, кӀвечӀо ватӀа гьавизе кечӀ ахӀиялдаса. Мадрасаялда цӀалулев вукӀаниги камулароан гьев кеп - ихтилаталъул мажлисазда. ТӀоцере чидал кучӀдул ахӀулев вукӀаниги хаду - хадуб живго кучӀдул гьаризе ва гьел ахӀизе лъугьана гӀолохъанав шагӀир. Абухъе, гьес 14 сон тӀубаралдаса гьаруна кучӀдул. 

Муилги МахӀмудидехун балъгояб балай букӀаниги нухал къана гьелъие кьолбол гӀадамаца.
Къо бахъанагӀан цӀикӀкӀун йокьана шагӀирасе жиндир рокьи ккарай. Амма Муи йикӀана чидал лъади. Рос хварай лъади йикӀана Муи, лъималги рукӀана гьелъул. Гьей кӀочон телилан росулъа къватӀиве ана МахӀмуд. Щвана гьев ЦӀоралде, Бакуялде, Тифлисалде. Хадувги гьев ана Карпаталде. Гьеб заманалъ букӀана тӀоцебесеб дунялалъул рагъ. МахӀмуд гьениве щвана Дагъистаналдаса гьенибе битӀараб магӀарулазул полкалда цадахъ. Амма, къо бахъанагӀан жеги цӀикӀкӀун ракӀалде къан гурони, кӀочон течӀо гьесда росулъ тарай йокьулей. Гьеб гуребги росу - ВатӀаналдаса рикӀкӀад вукӀин захӀмалъана гьесие. Карпаталда вукӀарабшинаб заманалъ МахӀмуд щибаб минуталъ урхъана росу - авлахъалъухъги, ракӀ - ракӀалъ хирияй Муихъги.

БицинчӀого тезе бегьуларо Мариям абураб гьесул поэмаялъул тарих. Карпаталда МахӀмудил гӀумру уна казарма - окопалда. Гьебги эркенлъи хирияв магӀаруласе рекӀее гӀолеб жо букӀинчӀо. Цо рахъалъ Муил пикраби, цо рахъалъ ватӀаналъухъ ракӀ урхъи, цо рахъалъги бидулаб рагъ. Рагъда хола МахӀмудил гӀагарав гьалмагъ. Цо къоялъ жиндир гьалмагъ чӀварав тушман тохлъукье дандчӀвала гьесда. Бахъун хвалченгун МахӀмуд лъугьуна гьесда худув. ХӀинкъарав тушманги церковалде тӀурун уна гьасухъа. МахӀмуд жаниве вахъараб мехалъ гьев вукӀуна, капуразул гӀадаталда, ГӀиса аварагасул эбелалъул сураталда цеве накабаздаги чӀун жив цӀунейилан гьардолев. ГӀажагӀиблъула тушман МахӀмудил кодоса хвалчен бортун ин бихьун, къадада бараб Мариямил сураталъухъ хаган валагьи бихьун.

Рокьуца велъарав, даим рукьбазда гьелъ лъураб цӀадул свин гьечӀев, МахӀмуд хӀайранлъула сураталда йигей гӀаданалъул берцинлъиялъухъ, жий щий йигеяли лъачӀониги. Гьасда ккола живго гӀадин жив хадув лъугьарав чиги рокьул гӀашикъ вугилан, гьанжеги гьай берцинай, Муида релълъарай гӀаданалъул, сураталдаса кумек гьарулев. ТӀаса лъугьун тола МахӀмудица жиндир гьадмагъ чӀварав тушман. Хадуб Мариамги Муиги данде ккун гьабула гьес жиндир Мариям абураб поэма.

ТӀоцебесеб дунялалъул рагъдаса вуссун хадув шагӀирасул лъай - хъвай ккола, магӀарулазул цӀар рагӀарав герой, МахӀач Дахадаевасулгун. Гьеб гражданияб рагъул байбихьул заманалда чанго тӀадкъай тӀубала МахӀмудица МахӀачил.

МахӀмуд чӀван хвана 1919 соналъ. Цо - цо чагӀаца чӀезабулеб буго МахӀмуд чӀванин гьесул гьоболас. Цогидацаги далил бачулеб буго гьев, МахӀачил тӀадкъай тӀубазе унаго нухда ХӀоцоса Нажумудинил къокъаялъ чӀезавун, Игьалив туснахъалда вукӀаго гьебго росулъа Магьдил МухӀамад абурав чияс чӀванилан. Амма кӀиябго рахъ ккурал чагӀазул рекъон кколеб рахъ МахӀмуд Игьалиса Магьдил вас МухӀамадица чӀванилан аби буго.
МахӀмудица, абизе бегьула, хъванин кучӀдул жеги авар адабияталда цониги чияс хъвачӀел ва хъвазеги гьечӀел. Кинаб кечӀ гьесул босаниги буго щивав рокьи ккарасул рекӀелъа бачӀунеб, щивав гӀашикъасул пикру гӀахьал гьабун хъвараб гӀадаб. Абизе бегьула МахӀмудица церего ккун хъванин щивавго рокьи ккарасул рекӀел анищал, мурадал, гьесул каранзул хӀалал. Гьедин, жиндир рокьул цебего хъван батанилан абуна МахӀмудил рахъалъ гьабураб кочӀолъ Расул ХӀамзатовасги, гьесие кӀудияб къимат кьолаго.
Гьелдаги буго шагӀирасул кочӀол къуват, пасихӀлъи, камиллъи. Гьебги щивав шагӀирасе насибаб жо гуро.   




#Article 27: БакьагьичӀиса ЧӀанкӀа (497 words)


БакьагьичIиса ЧIанкIа ялъуни БакьагьичIиса Тажудин ( 1866 - 1909)

ЧIанкIа гьавуна 1866 соналъ БакьагьичIиб росулъ. Гьесул эмен МухIамадгIали хвана гьев гьитIинав вукIадго. ЧIанкIае гъоб заманалъ 8 - 9 сон гурони букIинчIо. Гьединго мискинаб хъизамалъе гьавурав ЧIанкIаги ва гьесул яц, Аваристаналда магIихъан хIисабалда машгьурай Хажаги ккана эбелалъул цIобалде. ЗахIматал къояздалъун эбел Хъатуница гIезавуна вукIинесев аваразул машгьурав шагIир.

ЧIанкIал гIумруялъул анцIгоялдаса цIикIкIун сон бахъула мутагIиллъуда. МутагIиллъиялъул заманалъ гьев цогидал мутагIилзабазда цадахъ щола росулъа - росулъе. Цогидал мутагIилзабазулго гIадин захIмалъиялда бахъула гьесул цIалиги. ЦIалул заманалъ гьес лъай босула гIараб гIелмуялъул, хIисабалъул, ва гьединго адабияталъул. Бищунго рекIее гIураб, ва гьесул рокьи бижараблъун ккола адабият. Жинцагоги гьес дандрала гIемерал халкъиял кучIдул, жиндие гьезул гьарула кверзул мажмугIал. Гьев цIикIкIун хурхаравлъун лъугьуна халкъияб адабият. Гьединлъидал абизе бегьула гьесул кучIдул гIагарал ругин халкъияб кIалзул хазинагун.

КучIдул гьари исламалъ гъукъараб букIиналъ ЧIанкIа цIакъ хIинкъун вукIун вуго гьеб халкъалъе баянлъиялдаса. Амма гьеб тIатула, дибирзабаца гьев рокъове витIула мадрасалдаса. ЧIанкIаца жиндир рокьул бицун гьарурал гурел, руго чияр рокьул бицун кагътил куцалда хъварал кучIдулги. Гьелъие сабаб - гIилла ккола гIолилал, рокьи ккарал, рокьи битI ккечIел ясаца ва васаца гьесда гьарулеб букIин. Амма ЧIанкIа живго вукIана рокьул гIашикъ. КIиго нухалъ рокьи кканиги, кIиябго рокьулги гьесул битI кколаро. ТIоцее гьесие йокьула КIахъ росулъа Гулишат абурай яс, ясалъул эбел - инсуца разилъи кьун гьеч1о, гьесулгун жидер магIишаталъул рахъ рекъараб гьечIин. Амма ЧIанкIада гьей хехго кIочон тола. Росулъа йикIарай ясги эбел - инсуца кьола чидае. Амма гьаб рокьул цIа гIумруялъго сунаро гьесул. ЧIанкIал кучIдул ракIарун мажмугI гьабурав ва гьелъие цеберагIи хъварав, хъвадарухъан Гъ.ГъалбацIовас чIезабулеб буго ЧIанкIаца гIумруялъго, жаниб цIар рехсечIониги, гIишкъу ккарай ясалде гьарулел рукIанин кучIдул. ХъахIабросолъа МахIмудги ЧIанкIаги рукIана гьудулзабилъун. Гьезул цоцазде якъинлъи цIикIинабулеб жоги букIана кIиялго рокьул шагIирзаби рукIин. Цо - цо гIалимзабаца МахIмудил мугIалимлъун рикIкIунев вуго ЧIанкIа.

ШагIирасул гIумруялъул ва хъвадурухъанлъиялъул бицунаго кIвар бугеб суалалъул цояблъун ккола гьесул цIаралъул масъала. Гьанже бицен гьабулев шагIир, лирик нилъеда лъала Тажудин гIадинги, ЧIанкIа гIадинги. Кинабха гьелъул битIараб? Гьанжесеб заманалъул цIар рагIарав гIалимчи С. ХIайбуллаевас жиндир МагIарул адабияталъул Тарих (История аварской литературы, с. 478.) абураб тIехьалда хъвадарухъан Гъ.ГъалбацIовасул рагIабиги кьучIлъун росун хъвалеб буго гIалимчи ИсхIакъил МухIамихъе рачун рукIанин кIиго вас гIелму лъазабизе. Гьезул цояв ЧIанкIа, цоявги ТIинчIав вукIуна. МухIамие къабуллъуларо гьезул цIарал, гIантал цIарал ругин жинцаго ургъула гьезие цIарал: ЧIанкIа - Тажудин, ТIинчIав - Жамал. Гьединго хутIулин ЧIанкIае Тажудин абураб цIар, амма жив гьавураб росулъ гьесда гIадамаца эбел - инсуца кьурабго цIар абула.

С.ХIайбуллаевас хъвавухъе абуни, ЧIанкIа вукIана исламалъ велъарав, гьеб гъварилъиялдалъун лъалев, сагIтал, къоял, сардал кIухIаллъичIого къуръан цIалулаго бахъизабулев хIалимав, дурусав, чидай лъикIлъи гьабизе цIакъав чи. Гьесул рос хварай яц Патуч уна цогидасда хадуй, ва уна гьесие росасе. Гьеб заманалда гьеб букIана магIарул гIадатаздалъун кIудияб рогьо кьолбое. МагIарул гIадатазул тIалабазда рекъани вацас чIвазе кколаан гьединай яц. Амма исламалъ рекIелъ хIеренлъи цIезабурав, иман - инсап лъалев, рахIму цIикIарав ЧIанкIахъан бажарулароан яцалда квер борхи.ЧIанкIаца тIаса бищула цогидаб, жеги гуманияб нух. Гьелъие цогидаб сабабги ккола гьесул исламалда жеги жанивехун вахъизе бокьун букIин. Гьес тIаса бищула росу тун къватIиве ин. Гьев щола хIежалде унаго Турциялде. Амма нухда, Вади - Фатима абураб бакIалда, унтун хола ЧIанкIа 1909 соналъ.   




#Article 28: Имам ГъазимухӀамад (192 words)


Генуса имам Гъази-МухӀамадил тарихалдасан макъсуд буго гьес капурзабазулгун рагъги гьабун дагъистаналъул ва чачаналъул бусурбабазда гьоркьоб динул-ислам кинаб къагӀидаялда билълъанхъизе гьабулеб букӀарабали лъай.

Гьeв кӀудияв Аллагьасул вали, кӀудияв диналъул мужадид, бусурбабазул бахӀарчияв, гӀелмияв имам, Дагъистаналъул Генуб росулъ загьирлъараб гвангъараб шаригӀаталъул ва тӀарикъаталъул нур, ахирги жив бацӀцӀадаб нияталда гӀурусазда данде вагъулаго шагьидлъун хварав.

Гьесул тарих данде гьабизе цохӀого цо Генуса ХӀасанилав-дибир ургъун вуго. Гьес хъван буго гьаб багьа тӀадегӀанаб баянаб тарих. Гьев живгоги Генуса устар, шайих ГӀабдуллагь-хӀажиясул заманалда вукӀарав чи вуго. Амма нижеда жиб лъалареб гӀиллаялъе гӀоло гьесул гьaб багьа тӀадегӀанаб тӀехьалъул йа тӀаралъи-мукъадиматниги йа ахир-хатиматго гуреб имамасул гъазаватазулги ва хасго гъосул халил шагьидлъиялъул хӀакъалъулъги хъван бажарун гьечӀо.

Ялъуни гьеб данде гьабун тӀубазегӀан живго хун ун ватизе ккола. Ялъуни данде гьабулеб заманаялда цо щибниги гӀиллаялдалъун живго хвeзегӀан тӀубазе гьабун бажаричӀого букӀине бегьула.

Гьаб соналъул – 1369-леб гьижрияб – авалалда, дица генуса ГӀалил ГӀабдуллагьан абулев, лъикӀав, хутӀаразул хутӀарав, иман щулияв, жиндаса баракат щолев гӀалимчи, гьев имамасул цебесеб наслуялъул чи, гьесда ГьаракӀуниб кьезеги гьабун, босун гьениб ккун дица гьеб кинабго насху гьабун хъвана, ГьаракӀуниса дир гӀагарал чагӀазул цояв, нижер дибир жакъасев ГьаракӀунив вугев нижер кӀудияв имам, ва дир устарасул Пахрудин-апандиясул кваранаб квер Хабсури абулев чиясул кумекалдалъун. 




#Article 29: Жамалудин Гъазигъумукъи (178 words)


Жамалудин Гъазигъумукъи

Саййид Жамалудин ал-ХIусайни ал-Къибуди ал-Гъазигъумухъи ад Дагъистаниян хъвала гьесул хIакъалъулъ тарихалъул тIахьазда. Гьавуна Жамалудин 1792 (1788) соналъ Гъазигъумекив. Хвана Стамбулалда 1866 соналъ. Гьев вукIана, Дагъистаналда гуребги, бусурбабазул улкабаздаги цIар рагIарав, накъшубандияб тIарикъаталъул устар, жамгIияв хIаракатчи, кIудияв гIалим. Гьесул эмен Макъабуттаца жиндаса бажарараб гьабуна доб заманалда рекъон васасе лъикIаб лъай щвеялъе. ЛъикIаб лъай-гIелму щвана Жамалудиние Гъуме-кибги, Кавказалдаги, ГIусманиязул ракьалдаги. Щвана гьесие кьучIаб лъайги. ЛъикI лъалаан турказул, персазул, гIараб ва Дагъистаналъул чанги мацIал. Лъалаан гIараб адабият, мантIикъ, фикъгьи ва гь. ц.. Гъазигъумекдерил Аслан-ханасул хъулухъалда гьесул иш тIубалев чилъун-гицин хIалтIана гьев гIолохъанаб мехалда. ГIемер заман иналдего гьеб хIалтIи рехун тана Жамалудиница ва, тIарикъаталдеги лъугьун, тIуванго диналде вуссана. 

КIудияб асар гьабуна Жамалудиние 20-50-абилел соназ кIудияв гIалим, устар МухIамад Ярагъиясулгун (1771–1839) ккараб лъай-хъваялъ. Хадубккун гьес накъшубандияб тIарикъаталъе ижазаги кьуна Жамалудинихъе. Жамалудин-шейхас тIарикъаталъул нухде тIоритIана имам ГъазимухIамад, имам Шамил. Гьез кутакалда хIурмат гьабулаан жидерго мугIалим, шейх Жамалудинил. Доб Кавказалъул рагъул соназда Имаматалъул Диваналде гъоркье унел гIалимзабазул кьерулъ вукIана Жамалудинги. Шамил имамас гьабулеб ишалъулъ кидаго гIакълу цIехолаан жиндирго шейхасда. Гьеб гуребги, гьезда гьоркьоб гIагарлъиги букIана. Имамат биххаралдаса нахъе 1861 соналда Жамалудин-шейх Стамбулалде гочана. 




#Article 30: Таяммум (232 words)


Таяммум (гIараб мацIалда تيمم‎) ккола кIиябго квералдеги гьумералдеги ракь щвезе гьаби. Гьеб таяммум гьабула какие чуризе, яги черх чуризе лъим батичIеб мехалъ, ялъуни гьеб лъимги букIун, лъим хIалтIизабизе бегьулеб гьечIони. Масала: какие чуриялъул яги паризаяб черх чуриялъул лагаялда лъим хъвазе бегьулареб бугони.

Таяммум гьабизе бегьизе ккани буго лъабго сабаб:

Таяммумалъул щуго рукну буго:

Гьаб щуябго рукнуялъул цонигияб камуни, ялъуни тартиб цIуничIони, таяммум бегьуларо.

Сапаралда вугев яги рокъов вугев чиясда лъим жиндие щолареблъи якъинго лъанани, кигIан тIалаб гьабуниги, гьев чияс лъим тIалаб гьабизе кколаро ва лъимги тIалаб гьабичIогун таяммумги гьабун как бала. ТIалабги гьабун, лъим батилин ракIалде кканани, гьес лъим тIалаб гьабизе ккола. Лъим тIалаб гьабила, какие гIуж щун хадуб. Какие гIуж щвезегIан лъим тIалабги гьабун лъим батичIони, гьелъ гIей гьабуларо. Лъим тIалаб гьабизе цоги чи вакил гьавизеги бегьула. ГIемераб жамагIаталъ цо божарав чи витIун танани, гьелъги гIей гьабула. Цо пасикъав чияс бицани цо бакIги бихьизе гьабун, гьениб лъим бугилан, гьес бицараб хабаралда божизе тIадаб гьечIо, ай гьенивеги инчIогун жинцаго тIалаб гьабиялда гIейги гьабун, таяммум гьабизе бегьула. Гьеб лъим тIалаб гьабулаго тIоцебе байбихьила жиндирго цадахъ бугеб къайиялде жаниве валагьиялдаса, хадуб цадахъ ругел гьалмагълъиялда гьикъила, гьезухъги батичIони, жив вугеб бакI битIараб, мегIер-кIкIал гьечIеб бакI батани, ункъабго рахъалде балагьила живго вугеб бакIалдасан. МегIеркIкIал бугеб бакI бугони, жив свердизе ккола, ялъуни цо борхатаб бакIалде вахина жинда аскIобегIан бугеб. Лъим тIалаб гьабун свердулаго, жиндаго ялъуни боцIи-малалда хIинкъани, ялъуни гьеб тIалаб гьабиялдалъун какил гIуж унеб бугони, гьедин сверизе.   




#Article 31: Абу Айюб аль-Ансари (167 words)


Абу Аюб ал-Ансари (гIараб мацIалда أبو أيوب الأنصاري). 

Гьав асхIабасда цIар буго Халид ибн Зайд ибн Кулайб, ва гьав ккола Бану Наджар абураб къабилаялдаса. Гьесул тIокIцIар буго Абу Аюб. 

ТIадегIанав Аллагьас Магърибгун, Машрикъалда гьесул цIар тIобитIизабуна ва халкъалда гьоркьоб гьесул къадру-къимат тIадегIан гьабуна. Гьеб гуребги, Аллагьас гьесул рукъ тIаса бищана, гьижра гьабун вачIунев Бичасул авараг (жинда ссвалат салам лъеяв) рещтIунеб бакIлъунги.

Бичасул авараг (жинда ссвалат салам лъеяв) Абу Аюбил рокъов рещтIиналъул бицунеб къиссаялъул, кигIан гьеб такрарлъаниги, берцинлъи ва гIащикълъи гурони букIунаро.

Бичасул авараг (жинда ссвалат салам лъеяв) Мадинаялде щвараб мехалъ, кинавниги сафаралдаса вачIунев чи кIодо гьавуларев гIадин, лъикIаб куцалда дандчIвай гьабун, кIодо гьавуна гьев Мадинаялъул агьлуялъ.

Гьесул ахирисеб гъазават букIана, МугIавиятил заманаялъ, гьесул вас Язидил бетIерлъиялда гъоркь, КъустIантIиния (Стамбул) рагьизе гьабураб гъазават. Гьеб мехалъ Абу Аюб вукIана ункъогоялде гIумру бахарав херав чи. Кин бугониги херлъиялъ гьев, Язидил байрахъалда гъоркь аскаралде лъугьиналдаса ва гумузда рекIун унел боялгун цадахъ, гъазаваталде вахъиналдаса нахъе чIвачIо.

Бусcурбабаца Абу Аюбил васият тIубан, тущманасда дандеги рагъун, КъустIантIиниялде щвезегIанги ваччун, гьес абухъе вукъана Абу Аюб. 




#Article 32: Къуръан (190 words)


Къуръа́н (  — аль-К̣ъур’а̄н ) — ккола ТIадегIанав Аллагьасул калам, жиндилъ мугIжизат бугеб, ва жибги рещтIараб жиндир лагъ ва аварагзабазул бищунго ахирисев МухIаммад аварагасда ( жинда Аллагьасул цIоб рахIмат лъеяв). 

Ва гьеб Къуръанги жиб Аллагьас цIунараб буго хисизабиялдаса, тIадцIикIизабиялдаса ва камизабиялдаса. Аллагьас абулеб буго хирияб Къуръаналда(Къуръан, 15:9):

Къуръан буго аварагас жал рацIадал асхIабзабазда жиб малъараб, жибги данд бакIарараб Абубакр асхIабас, ГIумар асхIабасул ишараялдалъун. ГIусман асхIабас жибги хъвараб, ва жинда тIад тIубанго умматги рекъараб.

Хирияб Къуръан буго TIадегIанав Аллагьас жиндие вокьулев МухIаммад Аварагасда  рештIинабураб тIехь, гьелдалъун жинца гIадамал жагьиллъиялъул бецIлъиялдаса иманалъул нуралде рачине, куфру-ширкалъул, зулму-хIалалъул, талихI къосиналъул нухдаса гьел хвасар гьаризе.

Къуръан букӀана аварагасдасан лъазабун ва къаламалъ хъван асхӀабзабаз. Аллагьас гьеб ЖабрагӀил малаикасдасан рештӀинабуна МухӀаммадихъе . Ва гьеб рештӀула букӀана 23 (жеги битӀун 22 соналъ, 610 соналдасан 632 соналде щвезегӀан.) соналъ, тӀоцебесеб вахӀьюги букӀана аварагасул 40 сон бугеб мехалъ, Лайлатул-Къадралъ (Рамазан моцӀ).

Къуръан хӀакъалъулъ руго гӀемерал гӀелмиял хӀалтӀаби, бусурбабаз гьарурал гурониги капураз гьаруралги. Бищунго кӀудияб ва гӀаммабги камилабгилъун рикӀкӀуна Жалал ад-Дин ас-СуйутӀияс (1455—1505) хъвараб, «Къуръаналъул гӀелмабазул камиллъи»-абураб тӀехь.

Къуръан, исламалъул догматикаялде рекъон, — буго:

Цо-цо исламиял пачалихъазда бусурбабазул гӀадат - суннатгун Къуръан буго Къануналъул аслу, динияб рахъалдасанги, гражданскияб ва уголовнияб рахъаздасанги.




#Article 33: Имам Шамил (147 words)


Имам Шамил нилъеда лъала Кавказалда, ва батIи-батIиял хасго бусурбабазул улкабазда цIар рагIарав, рагъул ва пачалихъалъул бажари бугев, гIакъилав бетIер ва сиясатчи вукIин.

Амма киназдаго лъалеб гуро гьесул умумул шал ва киса рукIаралали, хъванги гьечIо.

ГьоцIдерица бицуна Гьидалъа биде вахъун жодохъе вачIанила Денгав абурав чи, гьев вукъунги гьенивго вуго, Денгал нохъойилан абулеб бакIги буго. Денгал вас МухIамад гьенив гьавурав, гIурав, ГьоцIалъа ккана ГIашилтIа (Унсоколо мухъалъул) росулъе.

Гьениб гьес гьабула хъизан. Лъадилъун йачула гьебго росулъа Бахту-меседу абурай лъикIаб тухумалъул яс. ГIашилтIаса гьел уна Генуре. Генуб гьавула гьезие вас ГIали. Гьев ГIали унтарав загIипав вас вукIун вуго, гьесда цIар хисула Шамил абун. Гьеб мехалъ гьев вас Шамил гIунила сахав, зурбаяв гIолохъанчи. Гьев вуго вукIинесев Дагъистаналъулги, Кавказалъулго, дунялалдаго, хасго бусурбан хIукумтазда ва Россиялда цIар рагIарав пачаликъалъул бетIер, дунялалда цIар рагIарав бодул бетӏер.

Гьев Гьидалъа умумузул вукIин баян гьабула гьесул эбелалъул гIагарав чи (вацгIал) ГIашилтIаса Шагьав Шамилица Гьидалъе хъвараб ва цойгидалги кагътаз. 




#Article 34: Хьаргабиса ГьитIинав ТIалхIат (220 words)


Хьаргабиса ГьитIинав ТIалхIат (1884 – 1984)

Гьеб цIаралда тIолго магIаруллъиялда машгьурлъана Урдашил МухIаммадил вас ТIалхIат. ТIалхIат гьавуна гIага-шагарго 1884-абилеб соналъ. Гьесул эмен вукIана гIодове виччарав, жиндирго рукъалъул магIишатги гьабун чIарав, гIаммал гIадамаздаса ватIа вахъичIев чи. ТIоцебе инсуца малъана ТIалхIатида иман, ислам ва Къуръан цIализе. Хадув росдал мадрасаялде витIана. Гьелдаса хадуб, доб заманаялъул киналго мутагIилзабазул гIадаб букIана ТIалхIатилги яшав. БатIи-батIиял росабалъе хьвадун, цIи-цIиял мугIалимзаби цIехон, ракъи – къечалъухъ балагьичIого, дунялиял умуразде кIвар кьечIого, тIалаб гьабулаан лъай. Гьедин гIемерал соназ хьвадун вуго ТIалхIатги. Бищунго гIемер гьев цIалун вуго, магIарулъиялъго жиндир адаб-хIурмат гьабулев, машгьурав гIалимчи Къудукьа СагIидида цеве.

Росулъе вуссун хадуса ТIалхIатица кIиго соналъ дибирлъи гьабуна. Гьелдаса хадуб мажгит-мадраса къазегIан (1936 сон) мударислъун вукIана. ЦохIого цо мажгитал къаялда къокълъичIо коммунистаз дин чIунтизабизеян гьабулеб хIалтIи. Киса-кирего гIалимзаби, ккун, туснахъ гьаризе лъугьана. Гьоркьоб хутIичIо Хьаргаби росуги. ХIуригат бахъилелде цебеги, гIалимзабазул цIар бугеб росу букIиналъ, гьелде цIакъ кIудияб ишан босана НКВД-ялъ. Жанир лъун тIагIаралги ккана, нахъе риччаралги ккана. ГьитIинав ТIалхIатги Гъунив туснахъалда жанив тIамун вукIана 1937-абилеб соналъ. Амма, гIунтIизабизе гIайиб батичIого лъаларо, жидерго план тIубан букIиналъ лъаларо, чанго моцIидасан къватIиве виччана. Виччалагоги лъазабунила гьесда, дин гьабуни, цIидасан жанив тIамизе вугилан. Гьеб мехалде гIумрудул 53 сон бугев ТIалхIатие кIудияб батIалъиго букIун батиларо щиб кканиги, тIадежоялъе киналго гIалимзабиги ккун унел рукIиндал. Жинца малъулеб букIараб гIелму гьес гьор-кьоб къотIизе течIо. Нахъа хъаравуллъи чIезабун букIаниги, бакI-бакIалде ун малъана гьес гьеб. 

  

  




#Article 35: Гьигьалъа ХIажимухIамад ХIусейнияв (319 words)


Гьигьалъа ХIажимухIамад ХIусейнияв (1835 - 1935)

АнцIила ичIабилеб гIасруялъул ахиралда, ва къоабилелъул авалалда МагIарулазда дин исламалъул балъголъаби мухIканго, камилго, гIатIидго лъазариялда, халкъалъе мустахIикъаб рухIаният ва жамгIиябгун напсияб тарбия кьеялда тIад машгъуллъун, ракI бацIцIадго, кIудияб пайдаяб хIасилалдалъун хIалтIулев вукIарав гIалимчи, динияв хIаракатчи, шагIир, таржумачи, катиб ккола Гьигьалъа ГъазимухIаммадил вас ХIажимухIаммад ХIусейнияв. 

Цо къарну гIумруялъул нахъа тана гьес 1835 соналъ гьавурав гьев хвана 1935 соналъ. Сверухъ ругел росабалъ гьев лъалаан МухIамаддибир абураб цIаралда гъоркь. Диниял ва шигIриял асаразда хадуб гьес хъван батула цин Гьигьалъа ГъазимухIаммадил вас МухIаммадин, цин Агъвалиса ХIусейнияв МухIаммадилан.

Гьелъин цо-цоязда гьел асарал хъварал чагIи батIи-батIиял ругиланги кколеб. МухIамад хIакъикъаталда гьавуна ва гIуна Гьигьалъ росулъ. Хьизан гьабун санал индал гьев жиндирго инсул букIараб ахикье Агъваливе вахъуна, гьениб минаги бан, магIишат гьабизе лъугьуна. Гьенив гьев хунги вуго, вукъунги вуго. Агъвали росдал авалалда буго гьесул хобалда тIад гьабураб, бусурбабаз зиярат гьабулеб хIужраги.

Жиндирго цIаралда ХIусейинияв абун тIаде жубаялъе гIилла ккола, гьесие жив МухIаммад аварагасул (с.т.гI.в.) яс ФатIиматил вас ХIусейнил кьибилалъул вукIин загьир гьабизе бокьи, ай жив сайидазул вукIин. ХIакъикъаталда гьеб гьединги букIун буго. Гьигьалъ росулъа гIолохъанав гIелмияв хIалтIухъан Шамхалдибир ГIисаевасул баяназда рекъон, гьесин абуни кьочIчIое босун буго Шамил имамасул дурц ГIабдурахIманил вас Шамилица гIуцIараб жиндир тухумалъул силсилат. 1721 соналъ Гъазигъумекдерил хан квер гьечIев Сурхайица лезгиназул Курах росулъ къадилъун тIамун вуго Мазамма абурав чи. Гьесул вас, гъумекиса тIарикъаталъул устар Джамалудинил вацгIал, ГъазимухIаммад Гьигьалъе гочун вуго, анцIила микьабилеб гIасруялъул кIиабилеб бащалъиялда. МухIканал чIванкъотIарал сонал чIезариIзе захIмат буго. Гьелъие гъваридаб цIех-рех къваригIуна, гьеб жеги гьабун гьечIо. ГъазимухIаммад, Жамалудин устарго гIадин, кколев вуго ХIусейнил микьабилеб наслуялъул вакил. Гьеб сиясиялда чIезабун буго.

Шай ГъазимухIаммад жиндирго ватIаналде гочинчIого Гьигьалъе гочарав? Гьеб суалалъе жаваб кьезе захIмат буго. ГIелмуялда. хадув вачIун ватизеги бегьула, гьединал батIи-батIиял миллатазул гIадамал лъай босизе батIияб росулъе гочин доб заманалда тIибитIараб иш букIана. ЧIамалазул жамагIаталда жанир рукIана Хъварщиса Загъаласда цадахъ Дагъистаналда машгьурал гIалимзаби. Гьезухъе цIализе рачIунел рукIун руго, жидерго росулъ лъикIал мугIалимзаби, гIалимзаби ругониги, батIи-батIиял миллатазул вакилзаби.

Кин бугониги ГъазимухIамадил къисмат бухьараб буго Гьигьалъ росдада. 

  




#Article 36: Хунзахъа КӀудияв ХӀажи (217 words)


Хунзахъа КIудияв ХIажи (1872 - ). Абулмуслимил наслуялъул гIалимчи.

Хунзахъа Ражабил ГIумарил вас Ражаб-хIажи гьавуна гIага-шагарго 1872 соналъ ГIалимчулал абулеб тухумалда. ГIалимчулалин гьесул тухумалда абиялъе гIилла ккола Абумуслим-шайих вачIаравго, гьес бачIараб гIелмуги тIахьалги цIалун, гIелму босарал гIемерал гIалимзаби гьесул тухумалъул рукIин.

Эмен хун хутIарав гьитIинав ХIажи, гIелмуги умумуздасан бачIараб рухIияб бечелъиги щвечIого хIутIилин хIинкъун, эбел ГIумарил ГIаишатица гьитIинго гIелмуялъул нухде вуссинавун вуго. Анлъго сон барав вас эбелалъ витIула умумузул кьолбол гьобол ГIумар абун кIудияв гIалимчиясухъе цIализе БуцIраве.

Абумуслим щайихасдасан бачIараб гIелму инсуца васасухъе кьолаго, ХIажил умумул гьоркьоса кьотIизе течIого гIелму цIаларал гIалимзаби рукIана. ХIажи вукIун вуго инсул рахъалъан 15-абилев гIалимчи. Гьесул эмен хехго хун вуго. Гьесул рукIана кIиго васги кIиго ясги: МухIаммад, Гъайирбег, Хадижат, ПатIимат.

Гьесул умумуздасан рачIарал тIахьазда хъвараб тарихалдасан буго гьадинаб хъвайхъвагIай: «Дагъистаналде ислам бачIинелде цебе, нижер кIудияв эмен, жиндир зара бацIцIадав, кафураб заманалда гьезул гIалим ватана. Абумуслим вачIана, ислам къабул гьабуна. ТIоцебе иманги лъун гьев жаниве вачана жиндиралда цун рукъзал кьуна, масжид бана. Абумуслимида цадахъ йикIарай гьесул яц жиндирго васасе чIужулъун ячана. Биги гьанги жубана Абумуслимил тайпаялъул, гьесул нухда хьвадулел умумул нижер лъугьана. АнцIила щуго гIалим наслуялда вахъана, щунусиялде гIагарун тIахьал гьезул ратана. Гьезул щибав гIелмуялде гурони валагьичIо, гIелму тун хьвадаразул магIишатги билълъинчIо. Мисриялде, Шамалде ун гIелму тIалаб гьабуна, гьениса тIахьал росун тадрис гьабун цIалана. Гьезул цIар Аль-гIуламау ГIалимчулал аль-аварию аль-хунзахийю аль-тIалтIию абун тIибитIана».   




#Article 37: Сура ТІа Гьа (231 words)


Сура ТІа Гьа буго Маккаялда жиб рештӀине гьабураб, жинда жаниб нусиялда лъебералда щуго аят бугеб.

Гьаб сураталъул аслияб мурад буго диналъул аслаби рицин ва гьел рацӀцӀад гьари. Аллагь вукӀин чӀезабиялъул далилал рицингун цадахъ гьев Аллагь жив цогояв  вукӀин гьесие гӀахьалав чи гьечӀеблъиги бицунеб буго. Аварагзабазул ва гьел ритӀиялъул хӀикматги бицунеб буго. Ахират букӀин, хӀисаб мизан ва жазаъ букӀиналъулги бицунеб буго.

Аллагьасул свалат салам лъеяв аварагас Аллагьасе гьабулеб гӀибадаталъулъ яхӀ бахъи, жиндие гьабулеб къварилъи ва заралалда сабро гьаби бицулеб буго. Жинда тӀад къараб рисалат тӀубазе гьабун, Аллагь цо гьавун, гьесие гӀибадат бацӀцӀад гьабиялда уммат ахӀана хирияв аварагас, амма гьесда тӀад къан букӀинчӀо хӀал-зулму гьабун гӀадамал исламияб диналде ахӀизе.

Сураталда жаниб лъикӀго гӀатӀид гьабун бицунеб буго жив Аллагь вуго абун хьвадулев вукӀарав пиргӀавнил ва гьесул къавмалъул. Муса авараг ТӀадегӀанав Аллагьасда кӀалъаялъул, гьесда рисалат тӀад къаялъул ва Мусалги пиргӀавнилги бахӀс бицун буго.

Адам аварагасул къисаялда бакка-бахъи гьабун буго, инсанасул ракӀ хӀинкъулеб хӀалалъ къиямасеб къоялъул ва гьелъул захӀмалъабазул бицун буго:. Гьеб къиямасеб къоялъ хӀисаб мизан гьабун Аллагьасда мутӀигӀаб халкъ алжаналда иналъул, Аллагьасда гӀасилъарал гьев жидер БетӀергьан вукӀиналда инкар ккураб халкъ жужахӀалда иналъулги бицун буго.
Сураталда цӀар лъун буго «сурату ТӀа-гьа»- абун. Гьеб ТӀагьа абураб цӀарги Аллагьасул свалат салам лъеяв аварагасул цӀараздаса цо цӀар буго. Гьеб хирияв аварагасул цӀаралдалъун сурат байбихьиялда жанибги аварагасул ракӀ парахат гьаби буго. Мушриказул къварилъабазда сабро гьабизе гьесие квер бакъи гьабиги буго. 
Сура букІана рештІун Маккаялда ва гьелда жаниб буго 7 аят.




#Article 38: Иман (700 words)


Иман (гIараб мацIалда إيمان‎), диналъул тIоцIебесеб аслу. 
Иманалъул анлъго рукну буго. Гьезул цонигиялда ракI чIезабичIони, гьев чи бусурманчи вукIунаро, ахираталдаги гьесие абадияб гIазабгIакъубаги букIуна.

ТIоцебесеб – Аллагьасда ракI чIезаби; кIиабилеб – Гьесул малаикзабазда ракI чIезаби; лъабабилеб – Гьесул тIухьдузда ракI чIезаби; ункъабилеб – Гьесул илчизабазда ракI чIезаби; щуабилеб – Къиямасеб къоялда ракI чIезаби; анлъабилеб – Гьесул къадаралда ракI чIезаби, лъикIаб букIа квешаб букIа кинабго Аллагьасул рахъалдаса бугилан абун.

Аллагьасда кинха ракI чIезабилеб. Аллагьасда ракI чIезабула Гьесие къого тIадаб, къого букIине рес гьечIел, цо дурусаб сифат бугилан абун.

Аллагьасе рукIине тIадал къоялго сифатал: Ватизе тIалъи, авал гьечIолъи, ахир гьечIолъи, сундего хIажалъуларев вукIин, сундаго релъунгутIи, жив цо вукIин, сундуего хIалкIолъи, кинабго бокьи, кинабго лъай, даимаб чIаголъи, кIалъай, кинабго рагIи, кинабго бихьи, сундаго хIал кIолевлъун вукIин, кинабго бокьулевлъун вукIин, кинабго лъалевлъун вукIин, даим чIагоявлъун вукIин, кIалъалевлъун вукIин, кинабго рагIулевлъун вукIин, кинабго бихьулевлъун вукIин.

Гьал къоялго сифатал ккола гIакълуялъги хIакъаб диналъги Аллагьасе рукIин тIад гьарулел Аллагьасул аслиял сифатал.

Гьал гурелги Аллагьасул 99 берцинал цIаралги руго, Гьесда гурого хIакъикъат лъаларел рикIкIун хIал кIоларел гIемерал камилал сифаталги руго Гьесул, тIадегIанал цIаралги руго.

Аллагьасул малаикзабазда кин ракI чIезабилеб. Малаикзабазда ракI чIезабила гIаммаб куцалдаги, цIарцIар ккунги, Къуръан-хIадисалъ абухъе, гьел рукIин хIакъаб бугилан абун.

ГIаммаб куцалда малаикзабазда ракI чIезаби: Дур ракI чIезе ккола Аллагьасул малаикзаби рукIиналда нуралдаса рижарал, рацIцIадал, хириял, Аллагьасул амруялдаса лахIзаталъ таруларел, амру гьабурабщинаб жо гьабулел, Аллагь рехсон чIалгIунарел, жидер рикIкIен Аллагь гуресда лъаларел, кваналарел, гьекъоларел, кьижуларел, бихьинлъицIулъи гьечIел, зобракь цIурал, хвезеги ругел, хун хадуса тIадеги рахъинаризе ругел, Аллагьасул лагъзал гьел ругилан абун.

Аллагьасул тIухьдузда кин ракI чIезабилеб. Дур ракI чIезе ккола Аллагьасул рахъалдасан (вахIю) Жабраил малаикас русулазухъе тIахьал, тIанчал, хъарщал рещтIанилан. Гьезул бищун аслиял тIахьал ункъго руго: Таврат – Мусахъе, Забур – Давудихъе, Инжил – ГIисахъе, Къуръан – МухIаммадихъе рештIарал ругилан абун.

Аллагьасул тIухьдуз халкъалда малъула хIакъаб дин, инсан дунялалда хьвадизе кколеб битIараб нух. Къуръан ккола Аллагьасул ахирисеб тIехь, цересел тIахьазул кинабго магIнаги жаниб лъураб, къиямасеб къо чIезегIан лъидаго хисизабизеги кIолареб Аллагьасул бищунго кIудияб мугIжизат.

Аллагьасул русулазда (илчизабазда) кин ракI чIезабилеб. Дуца ракI чIезабизе ккола Аллагьас гIадамазда гьоркьоса тIасаги рищун, жидехъе вахIюги рещтIун, халкъ Аллагьасул диналде ахIизе ритIарал Аллагьасул бищунго хириял лагъзал гьел ругилан абун. Гьезул тIоцевесев Адам ккола, ахирисев МухIаммад ккола. Цересел русулал хассал бакIазде, хассал гIадамазде, хассаб заманалда ритIарал рукIана, МухIаммад Авараг тIолабго халкъалъухъе, киналго бакIазде къиямасеб къо чIезегIан витIарав ахирисев Аварагги расулги ккола.

ЦIарцIар ккун ракI чIезабизе кколел аварагзаби руго гьал Къуръаналда цIарал рехсарал аварагзаби: Адам, Идрис, НухI, Гьуд, СалихI, Ибрагьим, ЛутI, ИсмагIил, ИсхIакъ, ЯгIкъуб, Юсуф, ШугIайб, Аюб, Зулькифли, Муса, Гьарун, Сулайман, Давуд, Ильяс, АльясагI, Юнус, Закаря, ЯхIя, ГIиса, МухIаммад, киназдаго Аллагьасул салат салам лъеги.

Аллагьас халкъалдаса тIасаги рищарал, жидехъе вахIюги рещтIарал, халкъалъухъе гьеб щвезабизе тIадги къарал Гьесул хассал лагъзадерида илчизабиян (русулал) абула. Гьединго тIаса рищарал ва вахIюги рещтIарал, гьеб халкъалъухъе щвезабизе тIад къачIел Гьесул лагъзал аварагзаби (анбияъал) ккола. Илчизаби гьединго аварагзабилъунги ккола. Гьезул мухIканаб рикIкIен Аллагьасда лъала. Цоцояз 124 азарго авараг вукIанинги абула, ва гьезул 313 илчизаби рукIанинги абула.

Къиямасеб къоялда кин ракI чIезабилеб. Дуца ракI чIезабизе ккола хвараб къоялдаса байбихьун хабалъ хIисаб-суал гьабиги, къиямасеб къоялъ халкъ тIаде бахъинабиги, Исрафилас Суралъе пуйги, махIшаралда халкъ данде гьабиги, гьезул гIамал бихьун гьенир гIетIулъ тIерхьинги (хассал гIадамал хутIун), Аллагьас хIисаб-суал гьабиги, квараниса квегIиса гIамал хъварал кагътал кьейги, лъикIал квешал гIамалал цIадирабазда лъейги, шафагIатги, сиратIги, жужахIги, гьелда жанир ругел гIазабал гIакъубабиги, алжанги, гьелда жанир ругел нигIматалги, хIавз-кавсарги, ва гьел гурел цогидалги Къуръан-хIадисалъ бицухъе хIакъаб бугилан абун, гьениб хIакъаб гурого жо букIунарелъул. Ахираталда хвел абураб жоги букIунаро, гьеб абадияб, тIаса ин гьечIеб рукъ буго.

Аллагьасул къадаралда ракI кин чIезабилеб. Дуца ракI чIезабизе ккола гьаб гIаламалда кколеб щинаб жо, лъикIаб букIа квешаб букIа, кинабго жо Аллагьасул бокьиирадаталда рекъон, азалалдаго Жинда лъараб, Жинца къадар гьабураб куцалда кколеб бугилан абун. Амма инсанасухъ ихтияр буго, я лъикIаб, я квешаб тIаса бищизе. Аллагьас лъикIабквешаб тIаса бищизе инсанасе гIакълуги кьуна, гьесде лъикIаб гьабизе, квешаб тезе, нух малъизе аварагзабиги ритIана, тIухьдулги рещтIана, лъикIаб гьабурасе ахираталда букIунеб киридаражаялъулги бицана, квешаб гьабуни гьесие букIунеб гIазабгIакъубаялъулги бицана. Гьединлъидал, лъикIаб гьабурасдаса Аллагь разилъула, квешаб гьабурасда Аллагьасул ццин бахъуна.

Аллагьас инсанасе кьурал нигIматазул бищунго кIудияб нигIматлъун ккола хIакъаб иман лъей. Иман гьечIев капурчиясдаса талихI къараб жо дунялалъул рухIчIаголъабазда жаниб щибниги гьечIо. Цогидал рухIчIаголъабазул унтиги, балагьги, гIазабги, талихI къейги хвараб къоялъго тIаса уна, иман гьечIев капурчиясул абуни, хIакъикъияб унтиги, балагьги, гIазабги, талихIкъейги хвараб къоялда байбихьула ва абадиялъ тIаса инчIого хутIула.   




#Article 39: Малаик (156 words)


Малаик (гIараб мацIалда ملاك)

ЦIарцIар ккун малаикзабазда ракI кин чIезабилеб. Дуца ракI чIезабизе ккола Аллагьасул гьал хадур рехсарал малаикзаби рукIиналда. Жабраил – вахIюгун вачIунев; Микаил – ризкъаби рикьулев; Исрапил – Суралъе пулев; ГIизраил – рухIал росулев. Гьал руго чIахIиял малаикзаби. Гьединго ракI чIезабизе ккола, инсанасул гIамал хъвалел Ракъиб-ГIатид, хабалъ хIисабсуал гьабулел Мункар-Накир, алжанжужахI хьихьизе тарал, ГIаршалда сверун тIаваф гьабулел, ГIарш баччулел ва гьел гурелги цогидал малаикзаби рукIиналдаги.

Дуда малаикзаби рукIин сундалъун лъалеб? Гьел рукIин лъала КъуръанхIадисалъ бицун, Къуръан-хIадисалда хIакъаб гурого жо букIунарелъул. 

Бадруялъул гъазаваталда загьирлъана чIахIиял мугIжизатал. Хирияв аварагас (жинда ссалат-салам лъеяв) цебесеб къоялъго рихьизаруна мушрикунал чIвазе ругел бакIал, бусурбабазе бергьенлъи щвезе бугиланги бицана; БетIергьанас азарго малаикги витIун бусурбабазе квербакъана; асхIабзабазда жидеца кьабилалде чанги капурчиясул бетIер тIаса къотIулеб бихьана, ай малаикзабаз кьабун ва гь.ц. Бусурбабазул дугIаялъе жавабги гьабун, тIоцебесеб хIалбихьиялда аскIоб, лъабго нухалъ капурзабаздаса дагьал ругел бусурбабазе, гIицIго гьезул ракI парахалъизе рещтIинарурал малаикзаби. Щайгурелъул бергьенлъи Аллагьас кьола, малаикзаби – сабабал ккола, бергьенлъи букIинабизе гьезда жидедаго кIоларо. 




#Article 40: Бадруялъул гъазават (180 words)


Бадруялъул гъазават (гIараб мацIалда غزوة بدر)

Бадруялъул гъазават ккелалде бусурбаби къватIире рахъиналъе сабаблъун букIана къурайшиязул Шамалдаса бачIунеб караваналда тIад кверщел гьабизе бокьи.

Гьеб букIана бусурбабазде данде рагъулел капурзабазул боцIиялда бетIерлъи гьабизе бугеб ихтияралда рекъон ва бусурбабазухъа бахъун араб яги Маккаялда тезе ккараб боцIиялъул бакIалда букIине гьабураб сапар. Хадубккун БетIергьанас гьеб сверизабуна жеги тIадегIанаб амруялде. Ай Аллагьасул нухда дагIват гьабиялде ва дин тIибитIизабиялде.

Гъазават гьабилелде, нилъеда бихьулеб буго, Аварагас (жинда ссалат-салам лъеяв) асхIабзабазулгун мушавара (гIакълу дандбай) гьабураб куц. Жидер хIакъалъулъ вахIю бачIинчIел киналниги ишазулъ ТIагьаяс (жинда ссалат-салам лъеяв) асхIабзабазулгун гIакълу дандбалаан.

Гьелъие гIоло бусурбаби тIадрекъана киналниги, жидер хIакъалъулъ Къуръан-хIадисазулъ хIукму бачIинчIел ишазулъ, мушавара гьабизе ккей шаргIияб кьучI букIиналда. Бадруялде мушрикуналгун рагъизе иналде Абубакр-асхIабасулгун ГIумар-асхIабасул рахъалъан разияб жаваб щваниги, гьелдаги гIей гьабичIого, ансаразул пикру гьикъана Аварагас (жинда ссалат-салам лъеяв).

Гьелъул хIикматги букIана ТIагьаясе ансарияз, Мадинаялда жанив гьев вугони, цIунизе къотIи гьабун букIин гIакъабаталда.

Расуласе (жинда ссалат-салам лъеяв) лъазе къваригIун букIана гьеб къотIиги ккунищ гьел чIолел ялъуни гьезул кидаго исламги Аварагги (жинда ссалат-салам лъеяв) цIунизе БетIергьанасе гьабураб къотIийищ бугебали. Ансарияз кидаго БетIергьанасе ва Гьесул Расуласе (жинда ссалат-салам лъеяв) мутIигIлъизе хIадурал жал рукIин лъазабуна. 




#Article 41: Аллагь (402 words)


Аллагь () - Жиндие вати, вукІин тІадав, киналниги рецц-бакъазе Жив мустахІикъав, кинабниги махлукъат Жинца бижарав, Жив гурого тІокІав лагълъи гьабизе кколев чт гьечІев ТІадегІанав халкъалъул магІбуд, БетІергьан.

Аллагьасда кинха ракI чIезабилеб. Аллагьасда ракI чIезабула Гьесие къого тIадаб, къого букIине рес гьечIел, цо дурусаб сифат бугилан абун.

Аллагьасе рукIине тIадал къоялго сифатал: Ватизе тIалъи, авал гьечIолъи, ахир гьечIолъи, сундего хIажалъуларев вукIин, сундаго релъунгутIи, жив цо вукIин, сундуего хIалкIолъи, кинабго бокьи, кинабго лъай, даимаб чIаголъи, кIалъай, кинабго рагIи, кинабго бихьи, сундаго хIал кIолевлъун вукIин, кинабго бокьулевлъун вукIин, кинабго лъалевлъун вукIин, даим чIагоявлъун вукIин, кIалъалевлъун вукIин, кинабго рагIулевлъун вукIин, кинабго бихьулевлъун вукIин.

Гьал къоялго сифатал ккола гIакълуялъги хIакъаб диналъги Аллагьасе рукIин тIад гьарулел Аллагьасул аслиял сифатал. Гьал гурелги Аллагьасул 99 берцинал цIаралги руго, Гьесда гурого хIакъикъат лъаларел рикIкIун хIал кIоларел гIемерал камилал сифаталги руго Гьесул, тIадегIанал цIаралги руго.

Аллагьасе рукIине ресго гьечIел сифатал: ВатунгутIи, авал букIин, ахир букIин, сундехун бугониги релъенлъи гьаби, сунде бугониги хIажалъи, жив цо гьечIолъи, гIажизлъи, бокьунгутIи, лъай гьечIольи, хвей, кIалъангутIи, рагIунгутIи, бихьунгутIи, сунданиги хIал кIоларев гIажизавлъун вукIин, щибниги бокьуларевлъун вукIин, щибниги жо лъаларевлъун вукIин, чIагояв гьечIолъи, кIалъаларевлъун вукIин, щибниги жо рагIуларевлъун вукIин, щибниги жо бихьуларевлъун вукIин.

Гьал киналго сифатаздаса Аллагь вацIцIадав вуго. Гьал гIунгутIабаздаса Аллагь вацIцIадав вукIин гIакълиял хIужабазги чIезабула, хIакъаб диналъги бицуна. Гьал гурелги ТIадегIанав Аллагьасул камиллъиялда, кIодолъиялда, тIадегIанлъиялда данде кколареб щинаб жоялдаса Аллагь вацIцIадав вуго. Аллагь хисуларо, Гьесие заманабиги хисуларо, Гьес заманаби хисизарула, Гьесие бакI, заман, рахъ гьечIо, вагъари, чIей, ватIалъи, хурхи, лугбал рукIин, бутIабаздаса гIуцIи, бутIабазде викьи гIадал ва гьел гурелги рижарал жалазул киналго гIаламатаздаса вацIцIадав вуго Аллагь. Аллагьасул хIакъалъулъ кинаб сипат сурат ракIалде бачIаниги гьелдаги релъарав гьечIо ТIадегIанав Аллагь. Гьев цо вуго заталъулъги, сифатазулъги, ишазулъги. Гьесул бугеб хIакъикъат, кIодолъи, камиллъиялда Жив гурого щивниги нахъ гIунтIуларо. Аллагь дунялалда вихьуларо, ахираталда муъминзабазда вихьула.

Гьесул бихьи, рагIи, лъай, хIалкIолъи, чIаголъи, кIалъай ва цогидал киналго сифаталги церегосел авал гьечIел нилъер сифатазда кинабгIаги рахъалъ релъенлъи гьабуларел руго.

Аллагьасе цо дурусаб сифатги буго, гьеб ккола Жиндие гьабизе бокьараб жо гьабиги, гьабизе бокьичIеб жо гьабичIого тейги.

Аллагь вукIин сундалъун чIезабулебин абуни, гьаб нилъеда сверун гIажаибаб, хIикматаб ва камилаб куцалъ бижун бугеб тIолабго гIаламалъ чIезабула. СагIаталъ бицуна гьеб гьабураб устар вукIин, машинасамолеталъ бицуна гьеб ургъарав инженер (конструктор) вукIин. Зоб, ракь, бакъ, моцI, цIваби, мугIрул, гIорал, ралъадал, гIадамал, хIайванал, хурдул, атомалдаса бахъараб галактикабазде гIунтIун кинабго жоялъ бицуна гьеб бижарав, гьелъул низам гIуцIцIарав, гьеб хьвадизабулев, гьеб ц1унулев Аллагь вукIин. Гьадинаб гIаламги бихьулеб букIаго Аллагь вукIиналда божуларев чи ккола жиндирго гIакълу жинцаго гьереси гьабулев, гьелдаса пайда босуларев чи. 




#Article 42: Ислам (284 words)


Ислам ( - Аль-Ислам; ) - монотеизмалъулаб, ибрагьимияб гӀаламалъул дин. «Ислам»-абураб рагӀиялъул таржама гьабизе бегьула  «мунго Аллагьасе мутӀигӀав гьави», «мутӀигӀлъи», (Аллагьасул къануназухъ) «гӀенекки» . ГӀараб мацӀалда «ислам»-абураб рагӀи буго «сах-саламатго вукӀине», «хвасарлъизе», «цӀунун хутӀизе», «эркенав вукӀизе»-абурал рагӀабазул магӀна кьолеб سلم глаголалдасан лъугӀараб предметияб цӀар. ШаргӀияб терминологиялда ислам буго цохӀого-цо вугев Аллагьасда иман лъей, Гьесие мутӀигӀлъи, Гьес хӀарам гьабуралдаса инкар гьаби, Гьес хӀалал гьабураб -къабул гьаби; гьединго политеизмалдаса ва ширкалдаса камилаб инкар гьаби.

Тарихалда Исламалъе кьучӀ лъураб заман рикӀкӀуна VII гӀасру МухӀаммад аварагас  дагӀват гьабизе байбихьараб мех. Амма Исламалъул гӀакъидаялда рекъон киналго цере рукӀарал аварагзаби ва расулал Муса авараг вукӀа, ГӀиса авараг вукӀа, рукӀана батӀи-батӀиял миллатазул, халкъазул гӀадамазухъе хӀакъаб дин - Исламги босун рачӀун, гьезда тавхӀид къабулабизе  рачӀун. Амма заман унщинахъе, гӀадамаца жедехъе щвараб дин хисизабулеб букӀана, гӀемерал бидгӀаби журан, гьитӀинабги, кӀудиябги ширк гьабун, цӀидасан хъанчазе гьабулеб букӀараб лъагълъи-гӀибадат гьабизе лъугьун, тӀадежоялъе Мукъадасал тӀахьазда хиса-баси гьабун. МухӀаммадин абуни , гьев вуго Исламалъул ахирисев авараг, жиндихъ ТӀадегӀанас Къуръан вахӀью гьабурав.

Ислам къабулабуралщиназда абула бусурманалин. Динияб мацӀ — классикияб гӀараб. БатӀи-батӀиял къиматазда рекъон, дунялалда руго 1,2-1,3 миллиардалдаса 1,57 млрдалда вахарав бусурманчи (ай, дунялалъул киналго гӀадамаздасан 22,74 %). Исламияб уммат буго 120-ялдасан цӀикӀкӀун пачалихъалда гӀумру гьабулеб, амма гӀемерисел бусурбаби руго Магърибияб, Къилабияб ва Къилабгун-Машрикъияб Азиялда ва Шималияб Африкаялда. Гьеб 120 пачалихъалда гьоркьоса 35-ялда бусурбабазул бутӀа бащалъиялдасан цӀикӀкӀун буго, 28 улкаялда абуни, Ислам буго пачалихъияб дин, гьезда гьоркьо — Египет, СагӀудиязул ГӀарабия, Марокко, Кувейт, Иран, ГӀиракъ, Пакистан ва цогидал.

Аллагьасул дин гIуцIун буго лъабго аслияб бутIаялдаса. 

Иман – диналъул тIоцIебесеб аслу.

Ислам – диналъул кIиабилеб аслу.

Ислам абураб рагIиялъул хIакъаб дин абураб магIнаги букIуна. Гьеб магIна босани гьелъ жанире рачуна иманалъул анлъабго рукнуги, исламалъул киналго аслабиги, тIолабго шаригIатги. Гьаниб нилъеца исламалъул хассаб магIнаялъул бицен гьабила.

Ислам гIуцIараб буго щуго аслуялдаса:

ИхIсан – диналъул лъабабилеб аслу




#Article 43: ИхӀсан (101 words)


Ихсан (гIараб мацIалда احسان ), диналъул лъабабилеб аслу.

ИхIсан ккола дуца дурго БетIергьанасе лагълъи гьаби дуда Гьев вихьулев гIадин, дуда Гьев вихьичIониги, Гьесда мун вихьулев вугелъул. Гьединаб хIалалде инсан вачIине ккани, кидаго Аллагь рехсон, Аллагь ракIалда чIезавун черхалъул гьава-нафсалда данде къеркьон, батIи-батIиял гIибадат тIагIат гьабиялда тIад чIей гьабун киналдаго инсан куцалеб тарбият букIине ккола. Гьеб тарбияталда тасаввуфилан яги тIарикъатилан абула. Гьеб тарбият кьезе инсанасе рухIияв устарги чара гьечIого къваригIуна. Гьеб тарбият гьечIони инсанасул иманги исламги, жиндир хIакъикъатги гьечIеб цIараллъун хутIула. Гьеб тарбият тIадаб букIиналъе нугIлъи гьабулел гIемерал Къуръаналъул аяталги Аварагасул хIадисалги руго, гьелда агьлусуннаталъул киналго хIакъал имамзабиги гIалимзабиги тIад рекъарал руго. 

  




#Article 44: Шагьадат (287 words)


Шагьадат (; ) — цо гурони гьечIев, вати тIадав Аллагьасда божи ва МухІаммад авараг  Аллагьас халкъалде дин босун витIарав илчи вукIиналда божи. Гьединго шагьада абураб рагIи бачIуна шагьид абураб магIнаялдаги, ай диналъе гIоло къеркьо хварав чи абураб.

Къокъаб куцалда шагьадаталъул магIна бачIуна гьадин: «Дица нугІлъи гьабула ракІ чІун, лъан, хІакълъунго жиндие лагълъи гьабизе кколеб щибго гьечІоян, цо вати тІадав Аллагь гурого, ва дица нугIлъи гьабула, хIакълъунго МухІаммад  — Аллагьасул халкъалда дин малъизе витIарав авараг вукIиналда». ШигIияз битIулеб шагьадат батIа бахъула суннияз битIулелдаса, тIаде жубараб «ва ГIалийюн Валийю Ллагь» - абураб рагIиялъ, ай ва дица нугIлъи гьабула ГIали Аллагьасул вали вукIиналда - абураб. Шагьадат битIи ккола инсанас исламияб дин босиялъе бищун аслияб шартIлъун. Исламалда жаниб шагьадат битIарав чиясул би тIей хIарамаб буго.

Шагьадат рикIкIуна тIоцебесеб ва аслияб рукнулъун исламалъул щуябго рукнуялдаса (бл. исламалъул щуябго рукну). Гьелда жаниб буго исламалъул кIиябго аслияб тIадкъай, ТIадегIанав Аллагь цо гьави (тавхІид) ва МухІаммад авараг Аллагьасул халкъалде витIарав чапар вукIиналда божи. Бусурбабаз шагьадат битIула, гIемераб бакIалда ва къойида жаниб чанго нусго нухалъ. ГIага-шагарго гьеб букIуна щибаб дугIаялъулъ.

Къокъаб куцалда шагьадаталъул магIна бачIуна гьадин: «Дица нугІлъи гьабула, Аллагь тун батIияв жиндие лагълъи гьабулеб жо гьечIо ва дица нугIлъи гьабула, МухІаммад  — Аллагьасул авараг вукIиналда». Цодагь гIатIидго ва камилго гьелъул магIна бачIуна гьадин: «Дица нугІлъи гьабула ракІ чІун, лъан, хІакълъунго жиндие лагълъи гьабизе кколеб щибго гьечІоян, цо вати тІадав Аллагь гурого, ва дица нугIлъи гьабула, хIакълъунго МухІаммад  — Аллагьасул халкъалда дин малъизе ва кинабниги инсаният къоселалъул бецIлъиялдаса исламалъул нуралде тIоритIизе витIарав авараг вукIиналда»

Капурав чи исламалде вачIине кканани, бищун цебе гьесда тIадаб буго шагьадат битIизе. Шагьадат битIилалда цебе бараб какги, ккурал кIалалги, гьабураб кинаб бугониги исламалъ тIад къарал гIибадаталги, капурав чиясдаса къабул гьаруларо. Гьелдалъун бичIчIула, хIакълъунго шагьадат букIин, исламалъул чIахIиял рукнабаздаса цояблъун ва гьезул аслулъун.




#Article 45: Как (896 words)


Как () - ккола Исламалъул кӀиабилеб рукну (как бай).

Шагьадат тӀубан хадуб Исламалъул кӀиабилеб рукну буго как бай. Как абула рагӀабаздасаги, гӀамалаздасаги данде гьабураб, нияталдалъун байбихьулеб, салам кьеялдалъун лъугӀулеб Аллагьасе гьабулеб хассаб гӀибадаталда.

Нужеда лъай, нужедаги дидаги Аллагь гурхӀаял, как баялдаги, жамагӀат гьабиялдаги тӀад чӀей буго киналниги лъикӀлъабазе аслу, даража борхиялъеги, баракат гӀемерлъиялъеги нух, мунагьал чуриялъеги, балагьал рорхиялъиги сабаб.

Аллагьасдаса хӀинкъи (такъва) щола гьел каказда тӀад чӀей гьабиялдалъун ва гьеб такъваги дин камиллъиялъе аслу буго. Дин камиллъиялъ гьев чи нахъе чӀвала къабихӀал пишабаздаса ва мунагьал гьариялдаса.

Как балеб агьлу ругеб бакӀалдаса балагьал нахъе чӀвала, гьеб как тарал чагӀазде балагьал рещтӀулеб гӀадин. Дуца абуге диналъул вац дица как балеб бугин, цогидазул дица кӀвар гьабиларин абун. Нагагь балагь рештӀани гьеб лъикӀасдаги квешасдаги гӀамлъула. Гьелъие гӀиллаги буго - лъикӀал гӀадамаз амру-нагью гьабичӀого тей ва Аллагьасе гӀоло квешлъи гьабулел гӀадамал рикӀкӀад гьарунгутӀи.

Гьанибе щвезегӀан какилги какичуриялъулги хӀакъалъулъ рехсараб жо ккола фаризаяб, тӀадаб цонигияб камуни как бегьулареб. Гьезул цониги жоги камизабун бараб как цӀидасан базе кколеб. Гьаб фаризаяб жоги тун суннатаб жоялде ирга щоларо. Гьелдаса хадуб какилги какие чуриялъулги гӀемерал суннаталги руго, адабалги руго, жал камуни как бегьулеб, амма какил камилаб кириги щоларел, МухІаммад аварагасул  шапагӀатги щолареб алжаналъул тӀадегӀанал даражабиги щоларел. Ай гьесие гьал жал щоларо гьел суннатал жалги камизарун как банани. Парз тӀубан хадуса гьел суннаталги лъазаризе ккола, сордо къоялда жанир ралел суннатал какалги лъазаризе ккола. ХӀузуралда хушугӀалда Аллагьги ракӀалде щун, цӀалулеб жоялъул магӀнаги бичӀун как бай, гьебги ккола какил рухӀ.

Как ккола исламияб диналъул хӀуби, къиямасеб къоялъги Аллагьас тӀоцебе какалъул хӀакъалъулъ гьикъизе буго. Рукну-шартӀ тӀубан как барав чиясе Аллагьас алжан кьезе къотӀи гьабуна, бачӀев чиясе къотӀи гьабичӀо. Как тезе ихтияр гьечӀо гӀакълуги, рухӀги чорхолъ бугев цониги бусурманачиясе, цохӀо хӀайз-нифасалда ругел руччабазе хутӀун. Как тей цо-цо гӀалимзабаз чи чӀваялдасаги кӀудияб мунагь кколилан абулеб буго. Анкьго сон баралдаса нахъе лъималазда как малъизе тӀадаб буго. Камилго как барав чи, гьелъ квешал, мункарал, къабихӀал ишаздаса цӀунула. Как бегьизе ккани цӀунизе ккола какил шурутӀалги, арканалги. Цониги гьелъул шартӀ, яги рукну камунани как малъуларо, цӀидасан базеги, бецӀизеги ккола.

Какил шурутӀал абула какилъе лъугьиналдего хӀадурунги рукӀине кколел, как лъугӀизегӀан даимлъизеги кколел ишазда. Гьелги щуго руго: ХӀадасалдаса рацӀцӀалъи, нажасалдаса рацӀцӀалъи, черх бахчи, какил гӀуж щвей, къиблаялде вуссин.

ТӀоцебесеб шартӀ – хӀадасалдаса вацӀцӀалъи. ХӀадас кӀиго батӀияб буго: гьитӀинаб хӀадас – какие чури биххи, кӀудияб хӀадас черх чуризе тӀалъи. Каки чуриялъулги ва черх чуриялъулги гьединго руго шурутӀал Каки чури ва гьединго черх чури бегьизе ккани цӀунизе ккола гьеб кӀиялъулго шурутӀалги. Цониги гьезул шартӀ камунани гьел малъуларо.

Каки чури биххула ункъо ж оялдалъун: цебесеб яги нахъисеб рахъалдаса (ай гӀавраталдаса) щиб бугониги къватӀибе бачӀиналдалъун (мани хутӀун), махӀрамиял гурел бихьиназулги руччабазулги гьоркьоб пардав гьечӀого тӀом цоцазде хъваялдалъун, макьица ккуни, гӀакълу тӀаса ани, квералъул жаниса рахъ гӀавраталда хъванани. Гьел гьитӀинал хӀадасаздаса рацӀцӀалъула каки чуриялдалъун. Каки чуриялъул анлъго фарз буго. Цониги камуни каки чури малъуларо.

Какие чури биххарав чиясе хӀарамлъула: Къуръаналда квер хъвай; гьеб кодоб боси (амма Къуръан рекӀехъе цӀализе хӀарамлъуларо); как бай; КагӀба рукъалда сверун тӀаваф гьаби.

Черх чуризе т Ӏалъула бихьиназдаги руччабаздаги мани бачӀани, жинсияб хурхен гьабуни, хвани. Гьединго чӀужугӀаданалда черх чуризе тӀалъула хӀайзнифасалдаса яцӀцӀалъун хадусаги, лъимер гьабун хадусаги.

КӀудияб хӀадасалдаса рацӀцӀалъула черх чуриялдалъун. Черх чуриялъул кӀиго фаризаяб жо буго: 1. Ният гьаби: «Дица ният гьабуна черх чуриялъул фарз тӀобитӀизе» – абун. Ният гьабиги черх чуризе байбихьиги цадахъ ккезабизе ккола. 2. Черхалъул рас, малъ, тӀом – кинабго бакӀалде лъимги щвезабун черх чуриги.

Мани бачӀун яги жинсияб хурхен гьабун черх чуризе тӀалъарав чиясда дж унуб абула. Джунубасе хӀарамлъула: Какие чури биххарав чиясе хӀарамлъулел жал; Къуръан цӀали (рекӀехъ бугониги); мажгиталъув чӀей.

ХӀайзалда яги нифасалда йигей чӀужугӀаданалъе хӀарамлъула джунубасе хӀарамлъулел щинал жалги ва гьединго кӀал кквейги, жинсияб хурхен гьабиги, цӀинуялдаса накабазде щвезегӀан черхалъул гьоркьоблъиялда росасда квер хъвазе тезеги, ва жинцаго гьесда черхалъул гьеб бакӀ хъвазабизеги тӀадаб черх чури гьабизегӀан. Амма хӀайз яги нифас къотӀаралдаса кӀал кквезе хӀарамлъуларо гьелъие черх чурун гьечӀониги.

КӀиабилеб шартӀ – нажасалдаса рацӀцӀалъи буго. Как балев чиясул черхги ретӀелги как балеб бакӀги нажасаб жоялдаса бацӀцӀад букӀине ккола. Нажасаб жолъун рикӀкӀуна кинабго хвараб хӀайван, инсанги, ччугӀаги, гарцӀги хутун. Ва гьединго болъон, гьой, сундул бугониги кӀуш, гъиз, би, лагӀараб жо, хьверд, рецӀ, гӀаракъи. Нажасаб жоялдаса рацӀцӀалъи гьабула гьеб нажасаб жоялъул махӀ, кьер, тӀагӀам тӀаса унедухъ бацӀцӀадаб лъеца чурани. Какие чури, черх чури, нажаслъи тӀаса инаби кинабго бацӀцӀадаб лъеца гьабула, лъим щвечӀони таяммум гьабула.

Лъабабилеб шартӀ – черх бахчи. Бихьинчиясул какилъ цӀинуялдаги накабаздаги гьоркьоб бугеб бакӀ бахчун букӀине ккола, къула ворхулаго цӀинуялдаса гъоркьехун яги накабаздаса тӀадехун бихьинчисул черхалъул щибниги бакӀ загьирлъулеб бугони как малъуларо. ЧӀужугӀаданалъул гьумерги квералги тун хутӀараб кинабго бахчун букӀине ккола, чӀужугӀаданалъул цониги рас, керен, габур, махӀаби, квералъул сагӀат къалеб бакӀ бихьулеб хӀалалъ бараб как малъуларо.

Ункъабилеб шартӀ – къиблаялдехун вуссин буго. Как байбихьаралдаса лъугӀизегӀан къиблаядехун как балев чиясул керен буссун букӀине ккола. Къиблаги мажгитазде ун лъалел чагӀазда цӀехон лъазабизе ккола.

Щуабилеб шартӀ – какил гӀуж щвей. Щибаб къойил щуцӀул как базе тӀалъула. Рогьалилги, къалъулги, бакъанилги, маркӀачӀулги, боголилги. ГӀуж щвелалде цо лахӀзаталъ цебе бухьаниги как малъуларо. ГӀуж борчӀани как бецӀизе ккола. Щибаб какил гӀужазул авалги ахирги букӀуна гьелги рузнамабаздаса лъазаризе кӀола.

Какил рукнабилан абула гьелъул аслиял бутӀабазда, гьезул цониги камунани как малъуларо, гьелги анцӀила лъабго руго:

Как батӀуллъула какил цере рехсарал цониги шартӀал яги рукнаби камуни; хӀацӀу гуреб батӀияб жо къулчӀани; Аллагь рехсей, Къуръан цӀали, дугӀа гьаби гуреб жоялдалъун кӀиго хӀарп загьирлъани, яги магӀна бугеб цо хӀарп загьирлъани; тӀатӀалаго лъабго кӀудияб багъари гьабуни (масала, лъабцӀул квер яги хӀетӀе багъаризабуни); какие чури биххани; гӀаврат загьирлъани; какил ният хисани яги гьелда шаклъи ккани; велъиялдалъун, гӀодиялдалъун яги угьдиялдалъун кӀиго хӀарп загьирлъани; къиблаялдехун мугъ сверани; купруялде ани.




#Article 46: ЗакагІат (332 words)


ЗакагІат () — щибав бусурманчиясда тIадаблъун исламалъ гьабураб магъало, лъагIалида жаниб бугеб боцIудаса жиб бахъулеб ва мискинал, пакъирал ва хIажатал гIадамазе жиб кьолеб. ЗакагІат — исламалъул рукнабазул цояб.

Исламалъул лъабабилеб рукнулъун кколеб закагІат бахъиялъ мискин-пакъирзаби роххизарула, бусурбабазда гьоркьоб вацлъи цIикIкIинабула, гIадамазда гьоркьоса мискинлъи тIагIинабула, закагІат бахъарав чи гьелъ къарумлъиялдаса вацIцIад гьавула, гьесул боцIцIуда баракат лъола, гьесул боцIцIи цIубазабула, гьесул боцIцIи гьалаклъиялдаса цIунула.

Закат бахъичIев чиясул месед-гIарац къиямасеб къоялъ цIадабеги рехун махх цIадаб багIаризабулеб гIадин багIаризеги гьабун гьев чиясул нодоялда, гьумералда, хьибилазда, мугъалда цузабун гьесул тIом бухIизабула. ЗакагІат бахъичIев чи, гьесул гIи-боцIи къиямасеб къоялъ бищун чIахIиял хIайваназдеги сверун халкъалъул хIисаб-суал гьабун бахъинегIан гьез хIатIикь мерхьун лъурдул тункун гIазабгIакъубаялда вукIуна. Гьесул закат бахъичIеб гIарацмесед чIахIиял загьруял борхьаздеги сверун гьесда габунир жемула. Гьедин абулеб буго Къуран-хІадисалъ.

Гьединлъидал даранбазар гьабулел, ролъ, пурчІина, цIоросоролъ ва гь. ц. мугьал рекьулел, цIибил бакIарулел, гІарцул хиса-баси гьарулел, рокъоб месед-гІарац (серебро) бугел гIадамаз, лъазабизе ккола бахъулеб закагІаталъул къадар, закагІат бахъизе кколел боцIул тайпаби, закат кьезе кколел мискинпакъирзаби. Суннатаб садакъаялдаса меседил мугIрул садакъаде рикьиялдасаги цо диргьам (гъурущ) закагІаталъул бахъи кири цIикIкIараб буго. Суннатаб садакъаялъулги бицун хIалго кIолареб хиралъи буго, закат бахъун хадуса суннатаб садакъа гIемер гьабизе гIамал гьабизе ккола. 

КІал биччаялъул закат тIалъиялъе буго ункъо шартI:

Жинца закат бахъила жиндасаги жинца нафакъа кьезе кколел чагIаздасаги. Закаталъе бахъила цо сахI жив вугеб шагьаралда я росулъ лъагIалица гIемерисеб мехалъ кваналеб жоялдасан. Гьеб сахIги гIиракъалъул роценалдалъун щуго ратIалги, ратIалъул лъабил бутIаги ккола, ай гьеб ккола гьоркьохъел кверал ругев чиясул ункъго дангъура, гIага-шагарго 2 кг 400 гр.

Закаталъе бахъулеб жоялъул шартIги буго ролъ батаниги, цогидаб батаниги, бацIцIадаб, гIайиб гьечIеб, хIапара бачIеб, кьер-махI хисичIеб букIин. Гьединго закаталъе бахъулеб жо мугь букIин, закаталъе ханжу, чед бахъун гIоларо.

КIал биччаялъул закат тIалъула Рамазан моцIалъул ахирисеб къоялъ бакъ тIерхьиналдалъун. Гьеб бахъизе суннатаб буго гIидалъул как балелде цебе. ГIидалъул къоялдаса закат бахъи нахъе бахъизе хIарамаб буго.

Нагагь закат хъизаналъул киназдасаго бахъизе гIолеб гьечIони, гIураздаса бахъила. ТIоцебе жиндасаго бахъила, хадуб чIужуялдаса, хадуб гьитIинав васасдаса, хадуб инсудасан, хадуб эбелалдасан, хадуб кIудияв васасдасан. СахIалъул цо бутIа гурони тIубараб гIураб сахI батичIони, гьеб бугеб бутIа бахъила. 




#Article 47: ХІаж (205 words)


ХӀеж () — исламалъул щуабилеб рукну.

Исламалъул щуабилеб аслу ккола нухалъул рахъалъ хӀал кӀварав чияс хӀаж гьаби. ШаригӀаталда рекъон хӀаж абула КагӀбаялде къасд гьабиялда, гьаризе кколел хассал гӀамалал гьаригун цадахъ.

ХӀажалъул бицун хӀал кӀоларебгӀан гӀемераб хиралъи буго, гӀемерал дунял ахираталъул хиралъаби руго. Гьелъ черх лъикӀлъизабула, ракӀ сахавалъизабула, гӀадамал ращад гьарула, бусурбабазда гьоркьоб вацлъи ва цолъи цӀикӀкӀинабула. ХӀажалъ аварагзабазул, гьезул асхӀабзабазул тарих ракӀалде щвезабула, хириял бакӀазде зияратал гьаризе рес кьола, ракӀалги рухӀалги рацӀцӀад гьарула. «ХӀалкӀолебги букӀаго хӀаж гьаби-чӀого хварав чи, бокьани ягьудиявлъун хва абе, бокьани насраниявлъун хва абе» – ян абуна Аллагьасул расулас . Гьединлъидал хӀаж гьабулел къагӀидабиги лъазарун нухалъул рахъалъ хӀал кӀолев чияс, хӀаж борхизе хӀаракат бахъизе ккола. 

Гьал щуялго аслаби малъичӀого исламалъ тӀад гьабулел гӀемерал тӀадал жалги руго эбел инсул хӀурмат гьаби гӀадал, гӀагарлъиялъулгун лъикӀаб хурхен гьаби гӀадал, мадугьалзабигун лъикӀ рукӀин гӀадал, гӀисиназда гурхӀел гьаби, чӀахӀиязул хӀурмат гьаби гӀадал.

Гьединго руго исламалъ хӀарам гьарурал жалги, масала, гьездаса ккола чӀахӀиял мунагьал: чи чӀвай, зина гьаби, цӀогь гьаби, гьекъолди, наркомания, рищватчилъи, мацӀ гьаби, гъибат гьаби, бугьтанал лъей, хӀал хъублъи, хӀасад, тущманлъи, чидай зарал гьаби кверазги мацӀалъги, чияр хӀарамаб боцӀи кванай, зулму гьаби ва гь. ц. Гьездасаги цӀунизе ккола цебехун ккаралдаса тавбуги гьабизе ккола. Аллагь тӀаса лъугьинчӀони гьездалъун кьолеб гӀазаб гӀакъуба бицун хӀал кӀолареб хӀехьон бажарулареб буго. 

   




#Article 48: КІал кквей (136 words)


КIал кквезе (гIараб мацIалда صوم)

Исламалъул ункъабилеб аслу ккола Рамазан моцIалъ кIал кквей. ШаргIалда кIал кквей абула рогьаралдаса бакъ тIерхьинегIан тIубараб къад къоялъ кIал биххулел жал гьаричIого чIеялда. 

КIал биххулел жал ккола кванай, гьекъей, чIужуялъулгун жинсияб гьоркьоблъи гьаби, бокьун лагIдей бачIинаби, лагIдей, къватIиса ургьибехун бугеб кинабгIаги нухдаса жанибе щиб бугониги бихьулеб жо биччай ва гьел гурел цогидалги. КIал кквеялъ мунагьаздаса цIунула, гIибадаталде ругьун гьавула, гьаванафсалде данде чIезе гьунар кьола, черх сахлъизабула, мискинзабазда гурхIизе тIамула. КIал ккуразе букIунеб кири Аллагьасда гурого лъаларо, гьезие хассаб алжанги буго, гьенив гьезда Аллагьги вихьизе вуго. ШаргIияб гIузруги гьечIого фаризаяб цо кIал кквечIого тани, гьелдалъун гьесие ккараб зарал тIолабго гIумруялъ кIал ккуниги бецIун рагIалде бахъунаро. Рамазан моцIалъ кколеб фаризаяб кIал малъичIого, кIал кквезе суннатал моцIалкъоялги руго, кIал ккурав чияс цIунизе кколел суннаталадабалги руго, гьездаги тIад чIей гьабуни бицун хIал кIолареб кири щола. 

   




#Article 49: Сугъралъ (росу) (448 words)


Сугъралъ (), Дагъистаналъул Гъуниб мухъалъул магIарулазул росу.

Сугъралъ росу ккола жакъасеб Гъуниб мухъалъул бищун кIудияб росу,гьединго гьеб ккола цебе букIараб ГIандаллъиялъул тахшагьар. Гьеб росу цIакъ машгьураб буго гьениса рахъарал  машгьурал гIадамаздалъун, гьезда гъорлъ руго гIалимзабиги,тохтурзабиги,сиясатчагIиги,Россиялъул бахарчагIи,летчикал кIиго вацги. Сугъралъ росу гьединго ккола некIсиял лъаялъул центразул цояблъун.

Жакъа къоялъ Сугъралъ росулъ гIумру гьабулеб буго гIага-шагарго кIиазарго гIанасев чияс. Сугъулдерица гьединго гIумру гьабула гIемерисел Дагъистаналъул шагьаразда, бищун гIемер гьел руго МахIачхъалаялда.

Шагьаралда ругел сугъулдерил хIаракаталдалъун щибаб моцIалда,цо нухалъ биччала жидерго росдал цIар кьураб Сугъралъказиятги.

Россиялъул журналист,Черновикгазеталъе кьучI лъурав ХIажимурад Камалов (1965—2011);

ГТРК Дагъистанабураб гIуцIиялъул нухмалъулев, машгьурав журналист ХIажи ГIабашилов (1950-2008)

ХIакъикъат Газеталъул БетIерав редактор, Дагъистаналъул журналистазул цолъиялъул нухмалъулев ГIали Камалов (гь.1948с)

Дагъистаналъул ЖамгIияб палаталъул нухмалъулев,СНГаялъул мустахIикъав энергетик ХIамзатов ХIамзат (гь.1938 с)

XVII абилеб гIасруялда Дагъистаналда байбихьула рухIияб культураялъул, гIелмуялъул ва гIараб ва бусурманаб гIелмуялъул цIилъи ва цебетIей.

XVI-XVII абилел гIасрабазда раккана Дагъистаналда философияб пикруялъул ва гIелмуялъул централ Дербенталда, Гъумекиб, Сугъралъ, Усиша ва Муги, гьенир раккана тIоцересел адабияталъул хъвай-хъвагIаял. Гьел гIасрабазда байбихьана гIарабалдаса Дагъистаналъул мацIазде гIелмиял ва адабияталъул хIалтIабазул таржамаги, гIажам хъвай-хъвагIайги. Дагъистаналъул росабалъ рагьана гIараб мактабал. Цо-цо дагъистаниял гьанир гьел мактабалги лъугIун гIелму камил гьабизе тIадеги унел рукIана гIараб пачалихъазде, къватIире.

Аслияб къагIидаялда нилъер мактабазда малъулаан битIун цIализе ва ракIалдаса Къуръаналъул сураби лъазаризе. Гьел мактабазул кIудияб кIвар букIана гIараб мацI, грамматика ва словарал хъвазе ва лъазаризе. Гьел гIасрабазда цохIо Дагъистаналда гурел къватIирги машгьурал гIалималлъун рукIана Къудукьа Мусалав, МохIоса Дамадан, ГIободаса ШагIбан, Ахаралдаса ГIабдулбасир, Къамахалиялдаса ГIумар, Сугъралъа ГIалириза, Дусрахъа ГIумар, Кулиялдаса МухIаммад, Ругъжаса МухIамад ва Гъумекиса Нажмудин.

Сугъралъ – гIелмуялъул къебелъи.

ТIадехун рехсаралдаса бихьулеб буго дунялалъул гIелмиябгун литературияб гIумруялъулъ хасаб бакI Дагъистаналъ кколеб букIараблъи. Гьез жидерго бутIа лъуна Кавказалда, Поволжьеялда ва Казаналда. Гьеб гIелмияб хIаракаталъулъ хасаб ва кIудияб бакI кколаан Сугъралъ росдаца. Гьединлъидалин Гъумекиса Жамалудин устарасул вас ГIабдурахIманица хъвараб: «Сугъралъ росу рикIкIуна гIелмуялъул иццлъун, Аллагьасукьаги хIинкъулел, иманги щулиял бахIарзазул, месед гIарацалъул ва маххул устарзабазул росулъун.

НекIо заманалдаса нахъе Сугъралъ машгьураб букIана лебалал чотIахъабаздалъун, гIужилал кьвагьдохъабаздалъун, шайихзабазул хабалаз ва берцинал руччабаздалъун. ТIубараб Дагъистаналда батиларо Сугъралъ росдаде бахунеб росу» - ян.

Сугъралъ буго некIсияб магIарул росу, кидаго машгьураб букIана гьеб гIалимзабаздалъун. Гьоркьохъел гIасрабаздаса нахъего гьеб букIана Дагъистаналъул гIелмияб центрлъун, гIараб гIелмуялъул гIалимазул ва жамгIиял хIаракатчагIазул ватIанлъун.

Философияб гIелмуялъул доктор М.ГIабдулаевасул рагIабазда рекъон, Дагъистаналда тIоцересезул цояб ва цIакъго машгьураб букIун буго Сугъралъа ГIалиризал мадраса. Гьенив лъагIалида жанив цIалулев вукIун вуго 150-200 мутагIил. Гьенир гIицIго магIарулал гурел жидер росабалъ мадрасабиги лъугIун гIелму камил гьабизе рачIунел рукIун руго даргиял, лезгиял ва тумал. Гьениб жидерго гIелму камил гьабуна машгьурал гIалимзаби Къудукьа Мусалас, ЗамиргIалица ва гь.ц.

Сугъралъ росдаца Дагъистаналъе кьуна гIемерал машгьурал гIалимзаби.

XVII абилеб гIасруялда гьениса рачIарал кIудиял гIалимзабилъун рикIкIуна кIигояв: МухIаммад б. Сатмар б. ДахIай ас – Сугъури (хвана 1036/1626-27 с) ва цIакъго машгьурав гIалим фикгьиялъул хIадис гIелмуялъул чирахъ ГIалириза – Афанди ас-Сугъури (999/1590г. – 1088/1677-78г.).

  




#Article 50: Ункъо ахлатӀ (197 words)


Ункъо ахлатӀ () 
ГӀарабазул, таджиказул, индиялъул тӀиб гӀелмуялдалъун унти чӀезабизе ва дару хӀалтӀизабиялъе руго жиндирго хаслъаби. Гьез тӀабигӀаталъул ункъго батӀияб хӀал: гьава, лъим, цӀа ва ракь хал гьабун гьелда релълъинарула инсанасул чорхолъ рукӀунел тӀабигӀатал (хӀалал). Аварагас абуна: Аллагьас инсанасул чорхолъ лъун буго ункъго жо: лъим, хӀарщ, цӀа ва гьури. Гьелда релълъун инсанасул чорхолъги руго ункъго ахлатӀал (материя) жубаял.

Гьал ункъалго ахлатӀал щивав чиясулъ батӀа-батӀаго рукӀуна, ай киналго цадахъ гурел, щивасулъ цо хилтӀ – жубай букӀуна. Гьездалъун буго инсанасул чорхол унтиги, гьелда рекъон гьабула гьесие даруги. Гьел ахлатӀазул кинаб чорхолъ цӀикӀкӀун батаниги, гьелда рекъон букӀуна инсанасул мизадж (натура, темперамент). Инсанасулъ гьел тӀабигӀиял темпераментал ращадго ккун рукӀунаро, цоясулъ бухӀи цӀикӀкӀуна, цоясулъ цӀорой биччи ва бакъвайгун цадахъ цӀикӀкӀуна.
Гьединлъидал гӀалимзабаца бихьизабулеб буго щуго батӀияб тӀабигӀат-хасият (темперамент).

Гьесул гӀаламат: пагьму бугев, киналго амрабазулъ гьоркьохъеб хӀалалда
вукӀунев, тӀабигӀат лъикӀав вукӀуна. 

Гьелда рекъон гьабула унтарасе даруги. Щибаб чӀахӀ-хералъул, кванил нигӀматазулги букӀуна жиндиего хасаб тӀабигӀат. Гьеб тӀабигӀаталъул халги гьабун дару малъизе лъазе ккола тохтурасда. Масала: чорхолъ бухӀи цӀикӀкӀарав чиясе кьезе ккола цӀорораб тӀабигӀат бугел дараби, гӀаксалда бегьуларо, гьелъ къаркъала дагьабги бухӀизабула ва унти цӀикӀкӀинабула, ай гӀаксалда гьабула. Риччел ва цӀороялдалъун ккараб унтуе бухӀараб ва бакъвараб тӀабигӀат бугеб дару, чӀахӀ-хер ва пихъ кьола гьелда релълъун. 

 




#Article 51: ТаравихӀазул как (141 words)


ТаравихIазул как (гIараб мацIалда تراويح) ккола муаккадал, ай тIадчIун гьаризе кколел суннатал каказул цояблъун. Гьеб бала рамазан моцIалъ. Гьелъул гIуж щола боголил как бан хадуса, халат бахъула хъахIлъи биччазегIан. Гьелъул тIаса бищараб гIуж байбихьула сардил ункъо бутIа гьабун цо бутIа аралдаса. Хасго хирияб буго, кьижун хадув тIадеги вахъун, бараб.

Амма киса-кибего гIадат билълъун буго, боголил как бан лъугIарабго, ратибатги бан таравихI базе байбихьулеб. Нилъер Дагъистаналда таравихIазул какил микьго ракагIат бан тола, амма киналго тIахьазда гьелъул базе бихьизабураб къадар къого ракагIат буго. Цогидал исламиял хIукуматаздаги къого ракагIат бала. ЛъикI букIинаан нилъер Дагъистаналдаги гьедин гьабунани. Мажгиталда жамагIаталъ гIицIго микьго ракагIат бан толеб бугони, гьелгун микьго ракагIат бала, хутIараб анцIила кIиго ракагIат рокъове щвараб мехалъ бала, хасго лъикIаб буго кьижун хадуса радакь тIадеги вахъун тIубазабуни. Ахиралде витруги ккезабила. Витруги Рамазан моцIалъ, жинца жиндиего баралдаса жамагIатгун бараб хирияб буго, мажгиталда бани, гьеб дагьабги лъикIаб буго. 




#Article 52: Хурма (350 words)


Хурма (латиназул мацӀалда Diospyros kaki)

Хурма кваназе бокьуларел чагӀи къанагӀат ратила жакъа къоялъ, щайин абуни босизеги щолеб буго, бихьизе бер кколебги, квине гьуинабги букӀун. Гьеб гуребги гӀемераб даругин пайдаги буго гьелъул инсанасе. ГӀемерал берцинал цӀарал лъун руго гьелда гӀадамаз – «тӀогьилаб бакъ», «Китаялъул микьир»… Кин абуниги, гьелъул ватӀан ккола, аслияб къагӀидаялъ, Китайгун Япония. Нилъер гӀасруялде щвезегӀан цебеккунго гьеб Китаялдасагун Япониялдасан бачӀараб пихъ бугин рикӀкӀунаан. Европаялде гьеб бачӀун буго Ӏ760 соналда – тӀоцебе югалъулаб Франциялде. Хадубккун гьеб бекьун буго Италиялда, Алжиралда, Египеталда, СШАялда. Жакъа къоялда хурма бижула Узбекистаналдаги, Гуржиялъги, Крымалдаги, Азербайжаналдаги, Краснодаралъул ракьалдаги. Абула 500-ялде гӀагарун тайпа бугин гьелъулин. Гьел цоцаздаса ратӀа рахъула жидер кьералъухъ, тӀагӀамалъухъ, чӀахӀалъи-гӀисинлъиялъухъ балагьун. 

Кинан тӀаса бищилеб лъикӀаб хурма? Барщараб хурма букӀине ккола лъикӀаланго тамахлъараб. Кьерги канчӀтӀогьилаб, багӀарсияб букӀине ккола, тӀанхалги – тӀулакьерал сурмиял. Гьелда тӀад чӀегӀерал тӀанкӀал лъун ругони, пихъ хвезе байбихьиялъул магӀна ккола. Кинаб пайдаха гьелъул бугеб? Хурмаялда гъорлъ рукӀуна гӀемерал черхалъе хӀажатал, пайдаял элементал, витаминал – глюкоза, сахароза, «А», «С», «Р» витаминал, махх, калий, кальций, медь, магний, марганец, йод. КӀалдиб бохьун чӀолеб тайпаялъулги буго жинда жаниб пектин букӀиналдалъун черхалъе пайда. Гьелъ кванирукъалъул, бакь-чехьалъул хӀалтӀи лъикӀлъизабула. Гьединго жиндилъ магний букӀиналда бан чорхолъ ганчӀал ккезе толаро. КъваригӀел гьечӀел цӀамал чорхолъа къватӀире рехула, черх бацӀцӀад гьабула, лъим къватӀибе кьабулеб гӀадат буго. Би дагьал чагӀазе кваназе лъикӀаб буго жинда жаниб гӀемераб махх букӀиналда бан. Йод гъорлъ букӀиндал хурма кваназе пайдаяб буго мукъулукъалъул цӀуцӀдузул (щитовидная железаялъул) унти бугел чагӀазе. Пектин гъорлъ бугелъул, кванирукъалъул хӀалтӀи лъикӀлъизабиялъеги кваназе лъикӀаб буго хурма. Гьороялъул (ракалъул) унтиялда данде чӀеялъе лъикӀаб буго витамин «А» гъорлъ букӀиндал. РекӀелги, рихьазулги хӀалтӀи лъикӀлъизабиялъеги пайдаяб буго хурма. Гьединго хӀалтӀизабизе лъикӀаб буго рихьал къварилъиялъ ракӀалда жо чӀоларел чагӀи сахлъиялъеги – склерозалъул унти бугез. Гьединго нерваби гӀодор къазеги, хӀалхьи кьеялъеги кваназе лъикӀаб буго. Абула кванде гъира базабулин хурмаялъин, нервабазе хӀалхьи кьолин, хӀалтӀуде гъира ккезабулин, свак лъазе толарин. Хасго лъикӀаб буго гьеб пихъ кидаго захӀматаб, хӀалуцараб, гӀемер нерваби холеб хӀалтӀуда рукӀунел чагӀазе. Хурма хӀалтӀизабула гьединго гьурмал куц берцинлъизабиялъеги – батӀи-батӀиял маскаби гьарун, гьурмал куц цӀвакизабизе, гвангъизабизе. Амма буго цо тайпа гӀадамазул кинго гьеб кваназе бегьуларел. Гьел ккола «сахарный диабет» унти бугел гӀадамал, кьаралъиялъул, гьороялъул унти бугел гӀадамал. Гьезие гьукъараб буго хурма кваназе. 




#Article 53: Ал-ХӀасибу (192 words)


Ал-ХIасибу (гIараб мацIалда الحسيب). Жив гIолев. Лъил гьев ватаниги, гьесие жив гIолев. 

ТIадегIанав Аллагь ккола кинабго жоялъе Жинца гIей гьабулев. Гьаб сифаталъул хIакъикъат Аллагьасе гурони букIине рес гьечIо. Жиб хIажалъулебщинаб жо хIажалъула жиб батиялдеги, жиндир бати даимлъиялдеги, жиндир бати камиллъиялдеги. ТIадегIанав Аллагь гурони цониги жо гьечIо щибаб жоялъе жинца гIей гьабулеб. Киналго жал ратиялъеги, гьезул рати даимлъиялъеги ва камиллъиялъеги цохIо Аллагь вугони гIола, тIокIаб жо хIажалъуларо. Дуда ракIалда ккоге мун кванагьекъолеб жоялде, зоб-ракьалде, бакъ-моцIалде ва гьеб гурел жалаздеги хIажалъараб заманалда, Аллагь гуресде хIажалъанин ва Гьев дуе гIечIин абун. Щай абуни, Гьев ккола тIагIам, зоб-ракь Жинца бижун дуе гIей гьабуравлъун. Гьединго дуда ракIалде ккоге эбелалъ жиб хахизеги гьабулеб, жиндие хъулухъги гьабулеб лъимералъе ТIадегIанав Аллагьас гIей гьабун гьечIин абун. Аллагь ккола гьесие эбелги йижун, гьелъул каранда рахьги бижун, гьеб хахизе гьелдаги малъун, гьеб хахизе кьезе эбелалъул рекIелъ гьеб лъимералдехун гурхIелги бижун гьелъие гIей Жинца гьабурав. Гьаб сифаталдаса лагъасе бугеб бутIа ккола цохIо Аллагь жиндие гIолевлъун вукIин. Гьесул мурадлъун вукIина цохIо ТIадегIанав Аллагь, батIияб жоялдалъун жиндир ракIги машгъул гьабиларо, хIатта алжан-жужахIалдалъунгицин. Аллагьасул кIодолъи жиндие загьир-лъараб мехалъ абила: «Гьев дие гIола, тIокIаб жо дие къваригIун гьечIо, цойги жо щваниги щвечIониги, гьелъул ургъелги дие гьечIо», – абун. 

  




#Article 54: Ал-Кариму (142 words)


Ал-Кариму (гIараб мацIалда الكريم). Ай, рецIел босизе кIолевги вукIун, тIаса лъугьун толев, жинца къотIи гьабураб мехалъ гьеб тIубазе гьабулев, жинца кьолеб жо цIикIкIине гьабулев, лъие ва кигIан кьураб абун гьелъул ургъелги жиндие гьечIев, хIажатаб жо жиндеги борхичIого цогияздаса тIалаб гьабуни (цогидасдаги тIубазе кIолинги абун), гьелдаги жив разилъуларев.

Жиндехун хъачIлъи хIалтIизе гьабуни, гIайиб чIван гурого, гьелда тIаде цIикIкIине гьабуларев. Гьаб кинабго жо жиндилъ данделъарав чи ккола мутIлакъав «Ал-Карим». Гьеб кинабго буго ТIадегIанав Аллагьасулъ. Лагъасеги рес буго жиндаго тIад хIалтIун гьал пишабаздалъун живго берцинлъизавизе, амма цо-цо умуразулъ ва хIалицаго гIадин. Гьединлъидал гьесиеги каримилан сипат гьабизе бегьула, амма гьев вукIуна мутIлакъав «Ал-Каримасде» дандеккун мукъсанавлъун. Гьедин лагъасе сипат гьабизе кин бегьулареб ссалат-салам лъеяв Аварагас абунги букIаго: «Нужеца цIолбол гъветIалда «Ал-Карамилан» абуге, «Ал-Карам» бусурманчи ккола», – ян. (Бухари, Муслим). ЦIолбол гъветIалда «Ал-Карамилан» абиялъе гIилла букIана гьеб хIеренаб, жиндир пихъ гьуинаб, бетIизеги кваназеги бигьаяб ва заз гьечIеб букIин. 

  




#Article 55: Аль-ЛатӀифу (321 words)


Ал-Латıифу (гӀараб мацӀалда اللطيف). Жив гурхӀулев, хӀеренав. 

Гьаб цӀаралъе мустахӀикълъула жинда балъгоял ва гӀисибикъиналгицин маслахӀаталги лъалев, гьел маслахӀатал рилълъине гьариялъулъ хӀеренлъиги хӀалтӀизабулев чи. Кинабго жоялда хадугъейги, гьабулеб пишаялъул хӀеренлъиги данделъани, «лутӀфу» абураб рагӀул магӀна камиллъула. Гьебги ТӀадегӀанав Аллагьасулъ гурони камиллъизе рес гьечӀо. Гьесул кинабго жоялда хадугъейин абуни, гьелъие гӀорхъи гьечӀо. Балъгояб жоги Гьесул гӀилмуялда загьиралда релълъун букӀуна, щибго батӀалъи гьечӀого. Гьесул гьабулеб ишалъулъ бугеб хӀеренлъиги гурхӀелги абуни, гьелъиеги гӀорхъи гьечӀо. Гьеб бичӀчӀизе ккани, цо-цоккун Гьесул афгӀалал лъазе ккола. Гьеб лъанагӀан, «АллатӀиф» абураб цӀарул магӀнаги гьесда цӀикӀкӀун лъала. Гьеб хъвазе ккани, гьелъие гьал нилъехъ ругел тӀахьал гӀоларо. ТӀадегӀанав Аллагьасул лутӀфуялдаса ккола эбелалъул чохьониб тӀинчӀ цӀуни ва цӀиноялдалъун кваназабун къватӀибе бачӀинегӀан гӀезаби. КъватӀибе бачӀун хадуб лъицаниги малъичӀого ва бихьизе гьабичӀого, эбелалъул керен кӀалдибеги босун гьеб хахизе илгьам гьаби. ХӀатта хоноги бихъун къватӀибе бачӀараб сагӀаталъ тӀинчӀалда лъала гӀодоса мугь бищизе. Гьединго лъимер гьабун хадуса хахулебгӀан заманаялъ гьелъул цабзазде хӀажалъи ккезегӀан гьел рижи нахърахъи. Цинги, квен чӀамизе хӀажалъи ккараб мехалъ гьел рижизари, цабиги – цоял бегӀерал, жидеца къотӀулеллъун, цоял – гӀебал, жидеца ххенолеллъун, батӀи-батӀияллъун гьари, кӀадиб лъураб тӀагӀам цабзазда гьоркьобе ккезабизе ва кӀалъазе мацӀ бижи, хӀатта цохӀо лукъма инсанасул ургьибе швезегӀан гьелда тӀад хӀалтӀулел гӀадамазулги гьабулеб хӀалтӀулги хъвазе лъугьани, гьеб хъван рагӀалде бахъинаро. ТӀадегӀанав Аллагьасул лагъзадеридехун бугеб лутӀфуялдаса ккола Гьес гьезда бажарулеб жо тӀадкъайги, гӀураб къадаралдаса цӀикӀкӀун гьезие жо кьунгутӀиги. Гьединго Аллагьасул лутӀфуялдаса ккола лагъзадерие къокъаб заманалда жаниб дагьа-макъаб гӀамалги гьабун, абадияб талихӀ щвезе рес кьей. Ай къокъаб гӀумруялда гьабураб гӀамалалъухъ ахираталда абадияб талихӀ насиб гьаби. Гьединго гьесул лутӀфуялдаса ккола ракалдаги биялдаги гьоркьоса бацӀцӀадаб рахь бачӀине гьаби, гьединго къвакӀарал гамчӀазда гьоркьоса къиматаб жавгьар бахъи, наялдаса гьоцӀо къватӀибе бахъи, хӀапароялдаса дарай къватӀибе бахъи. Гьеб кинабго бицун бахъунаро.

Лагъасе гьаб цӀаралдаса бугеб бутӀа ккола, хъачӀлъиги, хӀакъи-бакъир гьариги, дагӀбадиги жибго тун, гурхӀелалдалъунги хӀеренлъиялдалъунги Аллагьасул лагъзал Гьесухъе рачин ва ахираталъул талихӀалде гьел тӀоритӀиги. Гьелъулъ бищунго берцинаб лутӀфуялъул нухги ккола, Аллагь разилъулеб жиндирго хьвада-чӀвадиялдалъунги лъикӀал гӀамалаздалъунги халкъ хӀакъкъаб жо къабул гьабиялде рачин. Гьелъул асар цӀиккун букӀуна, берцинал, къачӀарал рагӀабазул асаралдаса.

  




#Article 56: Аль-Хабиру (127 words)


Аль-Хабиру (гIараб мацIалда الخبير). Гьелъул мугIна ккола жиндаса батIиниял жал балъго хутIуларев.

Зобракьалда цониги жо лъугьунаро ва цониги зарра шуруларо ва чIоларо Гьесда лъан гурого. «ГIалим» абураб цIаралъулго магIна буго гьалъулги, кинниги батIиниял ва балъгоял жалазде гIунтIизабураб мехалъ гьелда «хибрат» абун абула ва гьеб жиндилъ бугев чиясдаги абула «хабир» абун. Гьаб цIаралдасан лагъасе бугеб бутIаги ккола жиндирго гIаламалда лъугьунебщинаб жо гьесда лъалеб букIин. Гьесул гIаламги ккола гьесул ракIги черхги, ва гьединго гьесул рекIелъ рахчарал сифатал: рекIкI, хиянат, дунял бокьи, квешлъиги балъго гьабун лъикIлъи загьир гьаби, ихлас букIунгутIигун цадахъ бугевлъун хIай гIадал. Гьеб кинабго жоялда хадувгъун вахъунаро жинца жиндирго нафсалъул хIалги бихьарав, гьелъул макруги гуккиги жинда бичIчIарав, «хибрат» бугев чи гурони, ва гьелдехун тушманлъиги гьабун гьелдасаги жив цIунарав. Лагъзадерида гьоркьосан гьединав чи ккола жинда «хабирилан» абизе мустахIикълъарав чи. 

  




#Article 57: Ал-Къайюму (146 words)


Ал-Къайюму (гIараб мацIалда الحليم). Киналниги жалазул рукIин жиндалъун бугев. 

Аллагьас рижанщинал жал кIиго батIиял руго, жиб букIине ккани жиндие бакI хIажалъулебги, хIажалъуларебги. БакI хIажалъулел жал ккола сифатал ва ахIвалал. Масала, хъахIлъи букIине ккани, гьелъие хIажалъула кагъат ва цогидал жал. Жиндие бакI хIажалурареб жойин абуни, гьеб ккола жибго жиндаго чIараб жо, жиндие черхалъул, гъалипалъул бугеб гIуцIиялда релълъун. Кинниги, гьеб жо бакIалде хIажалъичIониги, жиндир бати даимлъизе ккани гьелъие чара гьечIого хIажалъула цоги амраби. Гьединлъидал, бакIалде хIажалъичIониги цоги жалазде хIажалъи халгьабун, гьелда кинабго рахъалъ жибго жиндаго чIараб жойин абуларо. Вужудалда батани жинца жиндиего гIейги гьабулеб, жиндир батиги цоги жоялдалъун гьечIеб, жиндир бати даимлъизе ккани цоги жо бати шартIлъулареб мавжуд, гьеб ккола мутIлакъго жибго жиндаго чIараб мавжуд. Гьелдаго цадахъ цогидал мавжудатазул ратиги гьесдалъун батани, гьев ккола «ал-Къайюм», ай киналниги жалазул бати жиндалъун бугев. Гьединаб сифат ТIадегIанав Аллагьасул гурони гьечIо. Лагъасул гьаб сифаталъулъ гIахьаллъи букIуна Аллагь гуресдехун гьесул хIажалъи букIунгутIиялъул къадаралда. 




#Article 58: Ал-ВахӀиду (158 words)


Ал-ВахIиду (гIараб мацIалда الواحد). Жив цогояв, ай бутIабазде викьуларев ва жиндие кIиабилев гьечIев. 

БутIабазде бикьулареб жойин абуни, гьеб ккола «атомилан» жинда абулеб, жиб бикьун бачIунареб зарра. Гьелъул хIакъалъулъ абула гьеб цо жо бугилан, ай бикь-бикьун бачIунареб. ТIадегIанав Аллагьги цо вуго, Жиндир заталъулъ бикь-бикьи букIине рес гьечIев. Жиндие кIиабилеб гьечIеб жойин абуни, гьеб ккола жинда релълъараб цоги жо гьечIеб жо, масала, бакъ. Гьеб жиндие черх бугеб жо букIин хал гьабун бикь-бикьун бачIине рес бугониги, гьелда релълъараб кIиабилеб бакъ гьечIо, амма букIине рес буго. Вужудалда батани, жиб цогояб, жинда релълъараб тIокIаб букIине ресги гьечIеб мавжуд (батараб, бугеб), гьелда абула мутIлакъго жиб цогояб мавжуд абун. Гьевги ккола тIадегIанав Аллагь. Лагъзадерида гьоркьоса жив цогоявлъун рикIкIуна, жиндиралда релълъараб лъикIаб пиша бугев чи гIадамазда гъорлъ гьечIони. Амма гьев цо вукIин буго гьесдаго релълъарал гIадамазде дандеккунги, гьев вугеб заманалде дандеккунги, гьесулъ бугеб цо-цо пишабазде дандеккунги бугеб жо. Щайин абуни, цогидаб заманалда гьесдаго релълъарав чи загьирлъизе рес бугелъул. МутIлакъго цолъун вукIин цохIо ТIадегIанав Аллагьасе гурого букIунаро. 

  




#Article 59: Аль-ГӀазиму (180 words)


Аль-ГIазиму (гIараб мацIалда العظيم). ГIазим абураб цIар, байбихьуда гьеб лъуна черх бугеб жоялда. 

Масала, цо черх цоги черхалдаса халалъиялъул, гIеблъиялъул, гъварилъиялъул рахъалъ цIикIкIараб бугони, нилъеца абула: «Гьаб черх гьалдаса кIудияб (гIазим) буго» абун. КIудияб черхги букIуна бераз жанибе бачине кIолебги, жанибе бачине рес гьечIебги, зоб-ракьалда релълъун.

Мисалалъе босани, пил ккола кIудияб черх бугеб хIайван, кинниги беразда гьеб жаниб бачине кIола, ай, гьелде щвечIеб жоялде данде ккун, кIудияб ккола. Зоб-ракьин абуни, бераз гьеб жанибе бачине рес гьечIо. Гьеб ккола беразда рихьулел жалазда гьоркьор мутIлакъго «гIазимлъун» кколеб жо. Гьединго гIакълу жинда нахъгIунтIулел жалги батIи-батIиял рукIуна: гIакълу нахъгIунтIулелги, нахъгIунтIуларелги. ГIакълу нахъгIунтIуларел жалги кIийиде рикьула: нахъгIунтIизе рес бугелги, рес гьечIелги. Гьеб ккола мутIлакъго кIудияб жо (гIазим), гIакълу нахъгIунтIулеб гIорхъи жинца бахараб. Гьевги ккола ТIадегIанав Аллагь. Лагъзадерида гьоркьоса кIудияв («гIазим») ккола аварагзабиги гIалимзабиги, гIакъилав чиясда жидер сифатаздаса дагьабгIаги жо лъараб мехалъ, гьездехун бугеб рокьилялъул жиндир ракI цIолев. Авараг ккола жиндир умматалда жанив гIазим (кIудияв), шайих ккола жиндир муридзабазда гьоркьов гIазим (кIудияв), мугIаллим ккола жиндир мутагIиласе гIазим. ТIадегIанав Аллагьасул хутIизегIан, хутIарал жалазул кIодолъи ккола цо-цо жоялде дандеккун бугеб кIодолъи. Аллагьасул кIодолъийин абуни, гьеб ккола мутIлакъаб кIодолъи. 




#Article 60: Аш-Шакуру (271 words)


Аш-Шакуру (гIараб мацIалда الشكور). Жинца дагьа-макъал тIагIатазухъ гIемерал даражаби кьолев, дунялалда рикIкIарал къояз гьабураб дагьа-макъаб гIамалалъухъ ахираталда гIорхъи гьечIел нигIматал кьолев. 

Цо лъикIлъиялда данде гьелдасаги цIикIкIаралдалъун жазаъ гьабурав чиясда абула гьес гьеб лъикIлъиялъе щукру гьабунин абун. Гьединго жинца лъикIлъи гьабурав чиясе жиндие гьабурас рецц-бакъ гьабуни, гьесдеги абула щукру гьабунин абунин. ЛъикIлъиялде данде гьелдасаги цIикIаралдалъун жаза гьаби халгьабуни, мутIлакъав «шакур» Аллагь гурони ватуларо. Щайин абуни, Гьес гьабулеб жазаялъе, ай жиндие ахир гьечIел алжаналъул нигIматазе гIорхъи-рикIкIен гьечIелъул. ЛъикIлъиялъухъ рецц-бакъ гьаби, баркала кьей хал гьабуни, нилъеда лъала, гьеб рецц букIуна цоги чияс гьабураб пишаялъухъ. Амма ТIадегIанав Аллагьас Жиндирго лагъзадерил пишабазухъ рецц-бакъ гьабураб мехалъ, гьеб ккола Жиндирго пишаялъе гьабураб рецц, гьезул пишабиги Гьес рижарал ругелъул. Цонигияс жиндие щиб букIаниги жоги кьун, гьелъухъ рецц-бакъ, баркала загьир гьабурав чи шакурлъун вукIунев ватани, жинцаго кьезеги кьун, жинцаго рецц-бакъ гьабулев чи дагьавги рекъарав вуго шакурлъун вукIине. Къуръаналда гIемерал аятал руго, ТIадегIанав Аллагьас Жиндирго лъикIал лагъзадерие, аварагзабазе рецц-бакъ гьабулел, гьезул лъикIаб гIамал Жинцаго кьураб букIингун цадахъ.

Лагъги вукIине рес буго щукру гьабулевлъун цогидав лагъасе, цо мехалъ гьабураб лъикIлъиялъухъ рецц-бакъ гьесие гьабиялдалъунги, цоги мехалъ гьес гьабуралдасаги цIикIкIун данде гьесие лъикIлъи гьабиялдалъунги. Гьеб ккола лъикIал, реццарал пишабаздасан цо пиша. Свалат-салам лъеяв Аварагас абулеб буго: «ГIадамазе щукру гьабичIев чияс Аллагьасеги щукру гьабуларо», – абун. Лагъас Аллагьасе гьабулеб щукруйин абуни, гьеб мажазалда гурони, хIакъикъаталда букIунаро. Щайин абуни, гьес Аллагьасе кигIан рецц гьабуниги, гьеб гьабун бахъунаро, мукъсанаб букIуна. Жив гьесие мутIиглъиялдалъун щукру гьабулеб бугони, мутIигIлъиги Аллагьас гьесие кьураб цойги нигIмат ккола. НигIматалъухъ жибго щукруги – Аллагьас гьесие тIаде кьураб цойги нигIмат ккола. Лагъасе ТIадегIанав Аллагьас кьурал нигIматазухъ щукру гьабиялъул бищунго лъикIаб нух ккола, гьел нигIматал Аллагьасе гIасилъиялъе хIалтIизаричIого, тIагIаталъе хIалтIизе гьари. Гьебги Аллагьасул тавфикъалдалъун букIуна. 

  




#Article 61: Ал-Мужибу (185 words)


Ал-Мужибу (гIараб мацIалда المجيب). Жинца жаваб гьабулев. 

Гьев ккола гьарулел чагIазул гьари жинца къабул гьабулев, дугIа гьабулезул дугIаялъе жинца жаваб гьабулев, чара-рес къотIаразул хIажат жинца тIубалев, хIатта гьаризегIанго жинца нигIматал кьолев чи. Гьеб кинабго жо ТIадегIанав Аллагьасул гурони букIунаро, щайгурелъул Гьесда лъала гьел гьаризегIанго хIажатал чагIазул хIажат. Гьесда гьеб авалалдаго лъазеги лъан, гьелъие сабабал рекъезарула квен-тIех бижун, гьелъие къваригIунел алатал ва цогидабщинаб къваригIунел жал рижун. Лагъги вукIине рекъола мужиблъун. ТIоцебесеб иргаялда жиндирго БетIергьанасе, Гьес гьабураб амрунагью тIубазабун, Гьесул ахIиялъе жаваб гьабун. Хадуб Гьесул лагъзадерие, Алагьас гьесие кьурал нигIматаздаса гьезиеги кьеялдалъун, кумек гьараравщинав чиясе, бажарулеб бугони, кумек гьабиялдалъун, бажарулеб батичIони, берцинаб жаваб гьесие кьеялдалъун. Свалат-салам лъеяв Аварагас абулеб буго: «Цониги чияс гIиялъа жоялъул бох кваназе ахIаницин, жинца гьесие жаваб гьабилаан. Цониги чияс гIиялъажоялъул ратIа жиндие сайгъат гьабуни, гьебги жинца къабул гьабилаан», – абун (Бухари). Авараг ахIараб бакIалде вачIинги, лъица ахIун ватаниги, гьес кьураб сайгъат къабул гьабиги ккола, цогидал кIодо гьариги гьезие жаваб гьабиги. Чан вугев чIухIарав чи жиндир къадараб гIамал бугев, бокьабокьараб сайгъатги жинца къабул гьабизеги, ахIаравщинав бакIалде инеги жив чIухIулев ва ахIарав чиясда квеш букIиналъул жинца ургъелги гьабуларев. Гьединав чиясе гьаб цIаралдаса щибго бутIа гьечIо. 




#Article 62: Ал-ВасигӀу (147 words)


Ал-ВасигIу (гIараб мацIалда الواسع). Жив гIатIидав. 

Гьеб ккола «гIатIилъи» абураб рагIиялдаса бачIараб жо. «гIатIилъи» абураб жо гIелмуялъулъ букIуна, гьеб гIелму гIатIидабги ва гIемерабги бугони. Гьединго гIатIилъи букIуна цогиязе лъикIлъи гьабиялъулъ ва гьезие нигIматал кьеялъулъ. Киниса хал гьабуниги мутIлакъав «Ал-ВасигI» ккола ТIадегIанав Аллагь. Щайин абуни, Гьесул гIелму босани, жиндир рагIал гьечIеб ралъадлъун ккола гьеб. Киналго ралъадал Гьесул гIелму хъвалеб шакъилъун рукIаралани, гьеб хъвалаго гьел тIагIинаан. Гьес нигIматал кьей ва лъикIлъи гьаби босани, гьелъиеги лъугIунккей гьечIо. КинабгIаги гIатIилъи, кигIан кIудияб батаниги, гьелъул рагIал букIуна. Амма гьеб цIаралъе рекъараб магIна букIуна «жиндие лъугIунккей гьечIеб гIатIилъи», – абураб. МутIлакъав «Ал-ВасигI» ккола ТIадегIанав Аллагь. Лагъасул гIатIилъи гьесул лъаялъулъги тIабигIаталъулъги букIуна. Гьесул гIемерал гIулумал ратани, гьев ккола гьесул гIелмуялъул гIатIилъиялъул къадаралда «васигI». Гьединго гьесул тIабигIат-гIамал гIатIилъани ва мискинлъиялда хIинкъи, хIасад гьаби, ццим бахъин, хъантIи гIадал сифатаз гьеб къваридги гьабичIони, гьев ккола «васигI». Амма гьесулъ гьелъул лъугIунккей, ахир букIуна. ХIакъикъияв «Ал-ВасигI» ккола ТIадегIанав Аллагь. 




#Article 63: Ал-ХӀакиму (331 words)


Ал-ХIакиму (гIараб мацIалда الحكيم). ХIикматалъул бетIергьан. ХIикматилан абураб жо ккола бищун хирияб гIелмуялдалъун бищун хирияб жо лъай. Бищун хирияб ва тIадегIанаб гIелму ккола жиб тIаса унареб абадияб, жиндий щибго жо балъго хутIулареб гIелму. Гьеб ккола Аллагьасул гIелму. Бищунго хириявги тIадегIанавги ккола Живго Аллагь.

Гьесул хIакъикъатги Гьесда жиндаго гурони цонигиясда лъаларо. Цо-цо мехалъ, жинда батIи-батIиял махщелал лъалев ва гьел мухIканго гьарулев чиясдаги абула «хIакимилан». Амма камилав «Ал-ХIаким» ТIадегIанав Аллагь гурони гьечIо. Щив чи вугониги жинда кинабго жо лъан, амма ТIадегIанав Аллагь лъачIого, гьесда хIакимилан абуларо. Щайгурелъул гьесда бищун тIадегIанаб ва бищун хирияб жо лъан гьечIо. «ХIикмат» ккола бищун тIадегIанаб гIелму. ГIелмуялъул тIадегIанлъиги букIуна жиб лъараб жоялъул тIадегIанлъиялъул къадаралда. Аллагьасдаса кIудияб ва тIадегIанаб щибго жоги гьечIо.

ТIадегIанав Аллагь лъалев чи, гьев ккола «хIаким», цогидал гIулумазулъ загIипав, берцин кIалъазе лъаларев вугониги. Амма лагъасул хIикматалдаги Аллагьасул «хIикматалдаги» гьоркьоб бугеб батIалъи, лагъасда Аллагь лъаялдаги ва Аллагьасда жиндирго зат лъаялдаги гьоркьоб бугеб гIадаб батIалъи буго. Гьеб кIиябго лъаялда гьоркьоб кигIан кIудияб батIалъи батаниги, кIиясулго хIикматалда гьоркьобги буго гьебго батIалъи. БатIалъи кIигIан кIудияб батаниги, гьеб ккола бищун хирияб гIелму, жиндие хIикмат кьурав чиги ккола гIемераб лъикIлъи жиндие кьурав чи. Аллагь лъарав чиясул калам цогидазул каламалдаса батIияб букIуна – гьесул калам букIуна гъваридаб, ахираталда пайда бугеб жоялда хурхараб.

Гьединаб каламалда гIадамаз абула хIикмат абун. Гьелъие мисал ккола салат-салам лъеяв Аварагасул гьал рагIаби: «ЦIодорав чи ккола жинца жиндирго нафс гIодобегIанги гьабурав ва хун хадуб букIунеб жоялъе гIамалги жинца гьабурав. ГIажизав чи ккола жинца жиндирго нафс бокьа-бокьараб жоялда нахъбилълъинабурав ва Аллагь гурхIилин, Гьев тIаса лъугьинин абун анищалги жинца гьарурав» (Тирмизи, Ибну Мажагь, ХIаким). Гьединго гьал рагIаби: «Дагьаб ва жинца гIей гьабулеб дунял лъикIаб буго ГIемераб жинца Аллагьасдаса машгъул гьабулеб дунялалдаса» (Гьайсами, Абу ЯгIла). Гьединго гьал рагIаби: «Чиясул исламалъул берцинлъиялдаса ккола, гьес жиндийго пайда щолареб иш жибго тей» (Тирмизи, Ибну Мажагь). Гьединго гьал рагIаби: «ТалихI бугев чи ккола, цогидазул гъалатIаздалъун жив кантIарав чи» (Муслим). Гьединго гьал рагIаби: «Бугеб жоялда гIей гьабун чIей, гьеб ккола жиб лъугIунареб боцIи» (КъузагIи). Гьалги ва гьазда релълъарал рагIабазда абула «хIикматилан», гьел рагIаби абурав чиясдаги абула «хIакимилан» абун. 

  




#Article 64: Ал-Вадуду (200 words)


Ал-Вадуду (гIараб мацIалда الودود). «Ал-Вадуд» ккола кинабниги халкъалъе лъикIлъи букIине Жиндие бокьулев ва гьезие лъикIлъиги ва рец-бакъги гьабулев. 

Гьаб цIаралъулги «Ар-РахIим» абураб цIаралъулги магIна релълъараб буго. Амма «рахIим» ккола, жив хIажатав, чара-рес къотIарав ва загIипав чиясда гурхIун гьесие лъикIлъи ва кумек гьабулев. «Вадуд» абуни, хIажалъи гьечIониги ва гьаричIониги лъикIлъи гьабулев чиясда абула. Лагъзадерида гьоркьоса «Ал-Вадуд» ккола, жиндиего бокьулебщинаб жо Аллагьасул махлукъаталъеги бокьулев чи. Гьесдасаги тIадегIанав «вадуд» ккола, жиндасагоцин гьеб махлукъат тIаса бищулев ва цере гьарулев. Цо пуланав чияс абураб гIадин: «Дие бокьилаан жужахIалда тIад бугеб кьолъун вукIине ва гIадамал жинда тIасан жиндие заралги ккечIого дорехун ине», – абун. 

Лагъасул «Ал-Вадуд» абураб цIаралъул камиллъи букIуна цоги чагIаца жиндиего гьабураб заралалъ ва гьезде ццим бахъиялъ гьезие лъикIлъи гьабиялдасаги гьел жиндасаго тIаса рищиялдасаги жив нахъчIвангутIиялдалъун. Кафурзабаца жиндирго цаги бекун гьумералдаса биги чвахизабун бугеб хIалалъ свалат-салам лъеяв Аварагас абураб гIадин: «Я дир БетIергьан Аллагь! Гьаб дир къавм битIараб нухдеги тIобитIун гьезул мунагьал чуре, гьезда хIакъикъат лъалеб гьечIо». (Бухари, Муслим) Тушбабаца жиндийго гьабураб зарал-къварилъиялъ гьев гьезие лъикIлъи бокьиялдаса нахъчIвачIо. Гьединго свалат-салам лъеяв Аварагас жиндаса Аллагь разилъаяв ГIалиасхIабасда бицана абуна: «Аллагьасде гIагарлъараздаса цеве ккезе бокьани, дудехун гьоркьоблъи къотIизабулев чигун хурхен гьабе, дуе кьечев чиясе дуца кье, дуда зулму гьабурав чиясдаса мун тIасаги лъугьа», – ян. (АхIмад) 




#Article 65: Ал-БагӀису (283 words)


Ал-БагIису (гIараб мацIалда الباعث). Жинца къиямасеб къоялъ халкъ чIаго гьабулев, хабалъ ругел чагIи рахъинарулев, ракIазда жаниб бугеб жоги баян гьабулев. 

Гьаб цIаралъул магIна бичIчIи бараб буго, къиямасеб къоялъ тIаде рахъинари абураб жо бичIчIиялда. Гьебги ккола бищунго балъгоял ва гъваридал жалаздаса. ГIемерисел чагIазда гьелъул хIакъикъат лъаларо, жидерго цо хиялал рукIун гурого. Гьезда гьелъул хIакъалъулъ бищун лъалеб буго, хвел бугин гьечIолъи ва хун хадуб тIаде рахъине гьари, гьеб тIоцебего гIадин гьечIелъуса цIидасан ратизе гьари кколин абураб жо. Хвел – гьечIолъи кколин абураб пикруги, хун хадур тIаде рахъине гьари – тIоцебесебго гIадаб ратизари кколин абураб пикруги мекъаб пикру буго.

Хвел – гьечIолъи кколин абураб пикру батIулаб пикру ккола, хоб яги жужахIалъул гвендлъун букIуна яги Алжаналъул ахлъун букIуна. Хварав чиги яги талихI бугев вукIуна (гьел ккола жал чIагоял, Аллагьасул ризкъиги кванан рохун рукIунел гIадамал), яги талихI къарав вукIуна, гьелги чIаго рукIуна. Гьединлъидал свалат-салам лъеяв Аварагас Бадруялда чIварал кафурзабазул бутIруздехун хитIабги гьабун абуна: «Дир БетIергьанас дие къотIи гьабун букIараб жо дида хIакъаб батана. Нужеда батарабищ нужер бетIергьанас къотIи гьабураб жо хIакъаблъун?» абун. Цинги гъосда цIехараб мехалъ: «Хварал чагIаздехун кин мун кIалъалев?» абун, гьес абуна: «Гьезда нужедасаги лъикI рагIула, кинниги гьезда жаваб гьабизе кIолеб гьечIо», – абун. Амма цо-цо мехалъ гьесул (инсанасул) жиндирго черхалдаса тасаруф къотIун ккола, цинги нилъеца абула: «гьев хвана» абун. Цо-цо мехалъ гьеб тасаруф нахъ буссуна ва нилъеца абула: «гьев чIаголъана» абун. Бищун кIудияб хвел ккола – инсанасул жагьиллъи. Бищун хирияб чIаголъиги ккола – инсанасул гIелму. ТIадегIанав Аллагьасги Къуръаналда гIелмуялда чIаголъи абунги, жагьлуялда хвел абуниги цIар лъун буго. Щив чи вугониги жинца цогидал жагьлуялдаса гIелмуялде рачун, гьев ккола гъол гIадамал чIаго гьарурав ва гьел рижарав чи. Халкъалда гIелму малъиги гьел Аллагьасде ахIиги ккола, чIаго гьариялъул цо тайпа. Гьеб ккола аварагзабазулги, гьезул ирс жидее щчIварал гIалимзабазулги даража. 




#Article 66: Ал-Барру (104 words)


Ал-Барру (гIараб мацIалда البَرّ). Жинца лъикIлъи гьабулев. 

ТIадегIанав Аллагь ккола кинабниги махлукъаталъе жинца лъикIлъи ва пайда гьабулевлъун. Лагъги вукIуна жинца лъикIлъи гьабулевлъун, гьес халкъалъе гьабулеб лъикIлъиялъул къадаралда, хасго жиндирго эбел-инсуе, мугIалимасе, шайихасе. ХIадисалда бицунеб буго: Муса авараг (гI.с.) БетIергьан Аллагьгун кIалъарав мехалъ, гьесда цо чи вихьанила гIаршалъул хIобода аскIов вахъунги чIун. Гьес Аллагьасда цIеханила: «Я Дир БетIергьан ! Сундалъун гьав чи гьаб даражалде вахарав?» – абун. Аллагьас абунила: «Гьев вукIана Дица Дирго лагъзадире кьурал нигIматал сабаблъун цонигиясдехун жинца хIасад гьабуларевлъун. Гьединго гьев вукIана жиндирго эбелинсуе лъикIавлъун»? – абун. Гьаб ккола лагъас лъикIлъи гьаби. Амма Аллагьас Жиндирго халкъалъе гьабулеб лъикIлъийин абуни, гьелъул бицун рагIалде бахъунаро. 




#Article 67: Ал-Мунтакъиму (100 words)


Ал-Мунтакъиму (гӀараб мацӀалда المنتقم). Жинца рецӀел босулев. 

Ай, квешал, къосарал, гӀасиял чагӀазе жинца кутакаб гӀазаб-гӀакъуба кьолев, гьезул мугъал рекулев. Гьеб кинабго жо букӀуна гьезие хӀинкъи кьун, гьезул гӀузраби къабул гьарун, квешлъиялдаса руссине гьезие заманги кьун хадуб. Лагъасе беццараб рецӀел боси ккола, гьес ТӀадегӀанав Аллагьасул тушбабаздаса рецӀел боси. Бишунго кӀудияб тушманги ккола гьесул жиндирго нафс. Гьелъ гӀасилъи гьабунщинахъе, гӀибадаталъе тохлъунщинахъе гьелдаса рецӀел босизе ккола. Жинда Аллагь гурхӀаяв Абу Язид Ал-БастӀамияс абунилан бицунеб буго: «Цо сордоялъ кӀвахӀаллъун дир нафсалъухъа вирд гьоркьоб хутӀана. Гьеб сабаблъун дица гьелъие гӀакъубаги гьабун лъагӀалица гьекъезе лъин кьечӀого тана», – абун. Гьадинаб къагӀидаялда букӀине ккола лагъзадерил рецӀел боси. 




#Article 68: Бакъ (217 words)


Бакъ ккола Бакъулабин абулеб  системаялъул (гIурус мацIалда — Солнечная система) бакьулъ бугеб цIва. 

Гьелда сверун сверулел руго планетаби жидер спутникалгун, астероидал, кометаби, метеорал (жидеде рортулел цIваби-ян абулел) ва гь. ц. 

Бакъалда сверун буго 8 кIудияб планета. Амма гьел киназдасаго, цадахъ росун цIаниги, Бакъ бакIаб буго 750 нухалъ.

Бакъалдаги ракьалдаги гьоркьоб бугеб манзил бащадаб буго 149,6 миллион километралда (гьеб буго гьоркьохъеб къадар). Бакъул канлъиялъ гьеб манзил тола 8 минутги 20 секундагIан заманалда.

Ракьалдаса Бакъ бакIаб буго 333 азаргогIан нухалъ. Бакъалъул радиус 696 азарго километралда бащадаб буго, ай ракьалъулалдаса 109 нухалъ
цIикIкIун. Щибаб секундалъ канлъадеги сверун Бакъалъул бакIлъи дагьлъула 4 миллион тоннаялъ, амма гьелъул жиндирго бакIлъиялда данде
гьеб гIемераб жо кколаро.

Бакъалъул спектралияб класс буго G2V (V ккола рималъулаб 5) ва гьеб рикIкIуна тIугьилаб карликӀлъун. Бакъалда тIаса рахъалъул хинлъи гIагараб буго 6 азарго градусалде, гьелъул бакьулъ бугеб хинлъи рикIкIуна 10—15 миллион градусалда бащадаблъун, щайгурелъул гьединаб температура (хинлъи) къваригIуна цIвабзазда жаниб водородалъул гелий лъугьунел Термоядерниял реакцияби лъугьине ккани.

Астрономазул баяназда рекъон, Бакъалъ гьанжелъагIан бан буго 5 миллиардгIан сон ва гьедигIанго жеги базеги буго.

Гьеб заманалде (5 млрд соналдаса) гьеб понцIон бачIун кIодолъизе буго, ай Бакъалъул лъугьуна багIараб гигант абураб цIва. 

Гьелдаса хадуб гьелъ тIаса хъал (слой) рехизе буго ва хутIизе буго жибго бакьулъ букӀараб ядро. Гьединаб цIваялде абула хъахIаб карликӀилан. ХъахIал карликӀал ккола цIакъ гьитIинал, амма цIакъ ракIал цIвабзазул тайпа.




#Article 69: Астрономия (145 words)


Астраномия (гIурус мацIалда; гIараб мацIалда علم الفلك гIилмул-фалак, ай зобалазул гIелмуян абулеб) - зобалазул объектазул ва гьезул системаязул хьвадиялъул, гIуцIиялъул ва хиса-басиялъул хIакъалъулъ бицунеб гIелму, тIубараб (кинабго) дунялалде щвезегIан. Масъала, астрономиялъ лъазарула Бакъ, Бакъулаб системаялъул планетаби ва гьезул спутникал, астероидал, рачIхалатал цIваби (каметаби), рортулел цIваби - метеорал, цIваби ва гьезул системаби, цIвабзазда гьоркьоб бугеб хIур ва газ, туманностал, галактикаби ва гьезул группаби (скопления), нейтроназул цIваби, чIегIерал картIал (гIурус мацIалда - чёрные дыры) ва гь.ц.

ГIурус мацIалъул астрономия абураб рагIи лъугьун буго грек мацIалъул кIиго рагIудасан: αστρον (астрон) - цIва ва νομοσ (номос) - закон, ва гьеб буссинабизе бегьула цIвабзазул законазул гIелму абураб магIнаялда. ГIараб мацIалда гьелде абула علم الفلك - гIилмул-фалак, ай зобалазул (законазул) гIелму.

Астрономия бикьула чанго цоцада хурхараб бутIаялде. Гьезда гьоркьоса аслиял бутIабилъун ккола:

Гьеб лъабабго бутIаялде абула классикияб астрономияйилан. 

Гьел гурелги, цогиял бутIаби ккола хадусел:

а) практикияб (халгьабиялъул) астрофизика
б) теоретикияб астрофизика;




#Article 70: Туркия (1374 words)


Ту́ркия яги Турк (), официалияб куцалда Туркиялъул Жумгьурият () — аслияб куцалда БакътІерхьул Азиялда, ва цо-цо бутІа (гІага-шагарго 3 % ракьалъул, 20 % халкъалъул) — Бакъдасебгун-Бакъбаккул Европаялда бугеб пачалихъ. ГІуцІана  1923 соналъ ТІоцебесеб дунялалъул рагъда ГІусманиязул империя къун хадуб ва гьеб бикьиялъул хІасилалда, ва турк миллаталъул гІадамаз гІумру гьабун ругел ракьал хасаб турказул миллияб пачалихъалде сверизабун хадуб. 2015 соналда жаниб халкъалъул къадар бахунеб буго 77 695 904 чиясде, ракь — 783 562 км². Дунялалда гьелъ ккола 18-еб бакІ халкъалъул къадаралъул рахъалъ ва лъебералда налъабилеб бакІ ракьалъул рахъалъ. Пачалихъалъулаб майІ — турк.

Турция ккола динамикияб куцалда цебетІолеб экономикаялъул къайи-матахІ гьабулеб индустриалияб пачалихъ. Бича-хисиялъул бажари буголъиялъул баршалъиялде (БББ) данде ккун халкъалъул цо чиясе ГІЖП-лъул къадар бахуна 19 6100 долларалде лъагІалида жаниб (2014). 2014 соналда БББ-ялъул рахъалъ Турциялъул ГІЖП бахана 1508 млрд долларалде. 

Улкаялъул ракьазул цІикІкІунисеб бутІа ккола Анатолиялъул бащадаб чІинкІиллъиялде ва Эрменистаналъул мугІрузул тІалъиялде, дагьаб — Балканалъул бащадаб чІинкІиллъиялде ЧІегІер ва Ракьдагьоркьосеб ралъадазда гьоркьоб.
Турциялъ гІурхъи цо гьарула бакъбаккудасан Гуржиялъулгун, Эрменистаналъулгун, Азарбижаналъулугн ва Ираналъулгун; къиблаялдехун — ГІиракъалъулугн ва Сириялъулугун; бакътІерхьудахун — Грециялъулгун ва Болгариялъулгун. Улкаялъул рагІалда буго ункъго ралъад: ЧІегІер, Ракьдагьоркьосеб, Эгей ва Мармар ралъадал.

Туркия буго бакъбаккул башдаб шаралда. Гьелъул гІатІилъи (жанир ругел хІавузал, лъим бакІарарал бакІалгун цадахъ) бахуна 779 452 км². Туркиялъул — 97 % — бутІа буго Азиялда ва 3 % — Европаялда. Туркиялъул географияб хаслъилъун ккола — церегосел заманаздасан бахъун Европагун Азия хурхинарулел ва чІегІералъдал рагІаллъабазда ругел халкъал ракьдагьоркьосеб ралъдал рагІаллъабигун хурхинарулел, аслиял нухазда букІин. Гьанэейин абуни Туркиялъул ракьаздасан лъун руго Азиялъул гІемерал пачалихъал Европагун хурхинарулел маххул ва хъилил нухал.

Улкаялъул ракьазул цІикІкІунисеб бутІа ккола Анатолиялъул бащадаб чІинкІиллъиялде ва Эрменистаналъул мугІрузул тІалъиялде, дагьаб — Балканалъул бащадаб чІинкІиллъиялде ЧІегІер ва Ракьдагьоркьосеб ралъадазда гьоркьоб.

Туркиялъул бищун цІикІкІараб халалъул манзил буго бакъбаккудаса бакътІерхьуде — 1600 км, севералдаса къиблаялде — 600 км. Лъабго рахъалъан гьеб батІи-батІиял ралъадаз жанибе бачуна: севералдасан — ЧІегІералъдаца, бакътІерхьудасан — Эгей ралъдаца, къиблаялдасан — Ракьдагьоркьосеб ралъдаца. Туркиялъул европияб ва азиялъул рахъал цоцадаса ратІа гьарун руго, ЧІегІералъадгун Эгей ралъад хурхинабулеб мармар ралъдацаги, Босфор ва Дарданел ралъдал къварилъабаз. Босфоралъул ва Меседил лълъарал (Мармар ралъад) къиблаялдехун буго дунялалъул бищун берцинал шагьаразул цояб ва Туркиялъул бищун халкъ ризаб шагьар — Истамбул.

Туркиялъ гІорхъаби цо гьарула (сагІтил хъаравулалда рекъон):

Туркиялъул ракьалда 100 гІанасеб тайпа пайдаял магІданазул буго. Улкаялда буго гІемерал тайпаби рудаялъул, химиялъул, цІатІаригун-энергетикаялъул гІатІгоял материалазул. ТІолгодунялалъул лъамамеседалъул нахърателалдаса Туркиялъул бутІа ккола 25 %.

Туркия — цІикІкІунисеб бутІаби мугІруздасан гІуцІараб пачалихъ буго, гьединлъидал гьава-бакъги батІи-батІияб куцалда хисардула гІодоблъабаздаги мугІруздаги. Централиял бутІабазда гьава-бакъ гьоркьохъеб даражаялъул континенталъулаб букІуна, багІарараб ва бакъвараб рииги гІураб куцалда цІорораб хаселги букІуна. Эгей ва Ракьгьоркьохъеб ралъадазул гьава-бакъ хасало цІакъ тамахаб букІуна. ЧІегІералъдал рагІаллъиялдайин абуни гьава-бакъ танкараб, цІадал гІемераб ва хасало цІорораб букІуна. Къиблаябгун-бакъбаккул рахъалдехун гьава-бакъ тропикияб салул авлахъалъулаб букІуна, цІакъ багІарараб риигун.

Пачалихъалъул аслияб халкълъун ккола — туркал. ГІусманиязул заманалда турказ жододего абулаан гІусманиял абун ().

Кинго улкаялда тІобитІана 12 халкъалъул хъва1-хъвагІай. 1927 соналдаса бахъун Туркиялъул халкъалъул къадар цІикІкІана 4,4 нухалъ, гІицІго 1950 - 1985 соназда жаниб — 2,5 нухалъ. 2009 соналъ Туркиялъул халкъалъул къадар бахана 72,6 млн чиясде, халкъалъул гъунки 88 чи щибаб км², шагьаразда гІумру гьабулезул бутІа 75,5 %, 15 соналдаса рорчІарал хъвазе-цІализе лъалезул бутІа 88,1 %.

Туркиялъул ракьазда цокІалаб гуреб куцалда рикь-рикьун руго халкъал. Бищунго гъункун халкъал руго Мармар ва ЧІегІер ралъадазул рагІаллъабазда, ва гьединго Эгей ралъдал рагІалдехун кколел мухъаздаги. Бищунго халкъ ризаб шагьарлъун ккола — Истамбул, бищун гІадамал дагьаб мухълъун ккола — Хаккяри.

Эрменал — ккола Туркиялъул аслияб халкълъун, гьез гьабула насранияб дин ва эрменал хъвехъилалда цебе гьел гІумру гьабун рукІана тарихияб БакътІерхьул Эрменистаналъул ракьазда ва Киликиялда. XX гІасруялдаса цебе Туркиялъул ракьазда гІумру гьабун рукІарал эрменазул къадар бахунеб букІана 3 000 000 цІикІкІун эрменав.

Сирянал — ккола насранияб дин гьабулеб Туркиялъул аслияб халкълъун. Жакъасеб Туркиялъул къиблаябгун-бакъбаккул рахъалдехун, Сириялъулгун ГІиракъалъул гІорхъабазда, XX гІасруялъул авалалда гІумру гьабун рукІана нус аза-азар сиряназ, гьесздаса 500 000 цІикІкІун чи чІвана тІоцебесеб дунялалъул рагъул заманаялъ. ЧІаго хутІарал сирянал дунялалда рикь-рикьун ана. Хаккяри икълималъул тІолго халкъалдаса сиряназул къадар букІана 43,7 %. Гьел дунялалда рикь-рикьун аралдаса хадуб гьезул минабахъе рахъана курдал. 

Грекалги ккола насранияб дин гьабулеб Туркиялъул аслияб халкълъун. БатІи-батІиял баяназда рекъон, ТІоцебесеб дунялалъул рагъда цебе, жакъасеб Туркиялъул ракьалда гІумру гьабун букІана 2,7 млн. гІунтІарав грекас. Жакъасеб Турциялда гІумру гьабун руго гІураб къадаралъул бусурманал греказ.

Курдал — жинца аслияб куцалда ислам гьабулеб, иранмацІазул халкъ.

Туркяилад гІемерал соназ, цогидал халкъал турказде сверизабиялъул политика билълъинабулеб букІана. Гьединлъидал, гІага-шагарго миллатазул къадар рикІкІинцин цІакъ захІматаб букІуна. БатІи-батІиял баяназда рекъон Туркиялда ругел курдазул къадар бахуна 10-ялдаса 23 % улкаялъул кинабниги халкъалъул къадаралдаса. 8,13 миллион чи вуго курдазул Туркиялда (2014 соналъул баяназда рекъон), ва аслияб куцалда гьез гІумру гьабулеб буго улкаялъул бакъбаккудахун.

Туркиялда гІумру гьабун буго гІураб къадар крималъул татараз (гІага-шагарго 500 000 - 5 миллионалде щвезегІан), гьезул аслияб бутІаялъ Туркиялде гьижра гьабуна Россиялъул империялда гъорлъе Крим цІцІаралдаса хадуб, ва гьижра гьаби гьоркьоса къотІичІого цебе инеб букІана XVIII, XIX ва XX гІасрабазда.

ЦІкІкІараб къадар Шималияб Кавказалъул халкъазулги буго Туркиялда (аслияб куцалда гьел ккола, Кавказалъул рагъдаса хадуб гІурусаз жодорго ватІаназдаса гочинарурал гІадамазул наслаби) — гьезде киназдего турказ гІаммаб куцалда черкесалин абула. Гьездаса руго адигал, абазинал, абхазал, нугъаял, карачаял ва балкарал, дагъистаналъул халкъал ва хасго магIарулал, гъалгъаял, гьириял ва чачанал. Гьезул гІаммаб къадар бахуна 3 миллион чиясде.

Туркал — ккола Туркиялъул аслияб ва бищун рикІкІен цІикІкІараб миллатлъун. Гьел кІалъала алтаялъул мацІазул хъизаналдаса тюрказул гІаркьелалда гъорлъе унеб огъуз къокъаялъул мацІалда ва гьез гьабула ислам дин. Турказул умумул ккола — огъузал, гьелги рачІана жакъасеб Туркиялъул централияб бутІаялде XI гІасруялъул бакьулъ, жакъасеб Хъазахъистаналъул ракьазда букІараб тарихияб Огъузазул пачалихъалдасан. 1453 соналъул 29 маялъ турказ греказухъа бахъана Константинопол (гьанжесеб Истамбул).

Динияб рахъалъ туркал — ккола бусурбабилъун (чІикІкІунисеб бутІа — хІанапил мазгьабалъул суниял, дагьаб — гІалевиял).

ТІадехун рехсарал халкъаздаса батІаго, аслияб куцалда Туркиялъул къиблаябгун-бакъбаккул рахъалдехун гІумру гьабун руго миллионалде гІезе рекІарал гІарабаца. Лазазги хемшиназги гІумру гьабун буго аслияб куцалда ЧІегІер ралъдал бакъбаккул рагІаллъабазда. Гьединго улкаялда гІумру гьабун руго албанал, гуржиял, падарал, узбекал, татарал ва цогиги гІемерал миллатазул вакилзаби

Туркиялда гьоркьоса къотІичІого гІумру гьабун буго чанго азарго гІурусас.

Халкъалъул къадаралгун шагьарал:

Туркия бикьула 81 илалде (икълимазде, гьелъул бакІалда цебе хІалтІизабулаан вилайет абураб рагІи). Щибаб илги бикьула мухъазде (илче-язде, тур. ilçe), 2007 соналъ Туркиялда букІана 923 мухъ (илче). Илалъул административияб центр букІуна централияб мухъалда (илчеялда - merkez ilçe). 

Илалъул сиясиял ишал тІоразе тІадтарасул хъулухъалда цІар буго губернатор (vali), гьевги вихьизавула хІукуматалъ. Губернаторасул чІолеб бакІалде абула вилайет (vilayet).

Росдал магІишаталъул суалал тІорала муниципалитеталъул бетІерас (büyükşehir belediyesi başkanı), гьевин абуни вищула халкъалъ. Мухъазулги (илчеязулги) руго муниципалитетал (belediye) гьезда тІадтаразул хъулухъалде абула мэр-абун (belediye başkanı).

Къанунал рахъулеб къуват буго цопалатаялъул парламенталъул кодоб — ТІадегІанаб миллияб мажлисалъухъ (Büyük Millet Meclisi), жибги гІуцІун бугеб 600 депутатасдасан, жалги рищулел 5 сонил болжалалда (2007 сон щвезегІан рищулаан — 7 сонил болжалалда) халкъиял рищияздалъун. Цеве пачалихъалъул бетІер — Республикаялъул президент (Cumhurbaşkanı), вищулаан ТІадегІанаб миллияб мажлисалъ 7 сонил болжалги цІан, гьес тІубазабулаан гІицІго вакиллъиялъул хІалтІаби. 

ХІукму билълъинабиялъул къуват букІана Министерлъиялъул Советалъухъ (Bakanlar Kurulu) бетІерав министрасул (Başbakan) нухмалъиялда гъоркь. Гьединлъидал пачалихъалда цІикІкІунисел ихтиярал рукІана бетІерав-министерасухъ. ХІукму билълъинабиялъул ва къанунал рахъиялъул къуватазда тІад халкквей гьабула Конституциялъул Диваналъ (Anayasa Mahkemesi), жибги гІуцІун бугеб, президентас рихьизарурал, 11 даимав ва 4 хисулел членаздасан. Председателем Конституциялъул Диваналъул председателлъун (2007 соналъул октябралдасан бахъун) вуго Хашим Килич.

Жакъа Туркиялъул бетІерлъиялда буго консервативияб (цІиябщиналда данде чІараб) РитІухълъиялъул ва цебетІеялъул партия.

Америкаялъул эксперт Фион Хиллица загьир гьабулеб буго, БакътІерхьуда бачІеб, икълималда кІвар бугеб пачалихъ бугин Туркия абун, цо чанго шималиябгун-атлантикиял гІуцІабазда гъорлъ гьеб букІанигицин. Жиндирго гІорхъабазда сверухъ ругел пачалихъазда гІемерал ишкалаби ругониги, Туркиялда бажарана кІудияб экономикиял ресал гІуцІун ва гьелъ жигара бахъулеб буго цебе букІараб гІусманияб пачалихъалъул гІатІилъабазда цебехъан-пачалихълъун букІине.

Кавказалъул икълим ккола — Туркиялъул къватІисеб сиясаталъул кІвар бугел пунктаздаса цояблъун. Туркиялъул къватІисел ишазу министр Мевлют Чавушоглуца кьураб баяналда рекъон, Туркиялъ жигара бахъулеб буго цоцадарарал рукІине Кавказалъул пачалихъалгун.

Гьаб заманаяляда Туркиялъ Евроцолъиялъулгун гьарулел руго кІалъа-ралъаял, Туркияги европаялъул сиясиябгун-экономикияб гІуцІиялда гъорлъе лъугьине.

Къануналда рекъон Туркиялда динал пачалихъалдаса батІа гьарун руго ва улкаялъул живав чиясе бокьараб дин гьабизе ихтияралги кьун руго. Улкаялъул цІикІкІунисеб халкъалъ гьабула исламияб дин ва гьел ккола хІанапил мазгьабалъул гІадамаллъун. Гьединго гІорхъолъа ун машгьурал руго батІи-батІиял тІарикъатал. Аслияб куцалда машгьурал тІарикъатал руго накъшубандияб ва мевлеви тІарикъатал. Руго Туркиялда шапигІил мазгьабалъул гІадамалги, гІемерисел курдал ккола гьел. ГІемераб къадар мажгитазулги буго улкаялда — 78 000 мажгит.

Улкаялъул экономикаялдаса промышленносталъ ккола 28 %, росдал магІишаталъ — 15 %, минаби раялъ — 6 %, халкъалъе гьарулел хъулухъаз — 51 %.

Улкаялда руго чанго гьавамухъал, жанисел ва халкъаздагьоркьосел рорженал гьарулел. ЦІикІкІараб къадар туристазул букІиналъ, Туркиялда цІакъ цебе тІураб система буго гІаммаб транспорталъул — автобусазул хьури ва метро (1996 соналдаса бахъун). Гьединго руго чанго порталги, маххул нухазул хьури ва нартгун газ бачиналъул хьураби.

Турциялда цІакъго цебе тІун буго туризмаялъул хъулухъал и инфраструктура. Гьеб бараб буго ралъдал курортал рукІиналда ва машгьурал гьайбатал бакІал гІемер рукІиналда.

Туркиялъул рагъул къуватал () ккола — эркенлъи, лъидагобангутІи ва улкаялъул ракьазул кІибикьичІолъи цІунизе цойиде ракІарарал аскарал. 2006 соналъ кьурал баяназда рекъон туркиялъул армиялъул рикІкІен бахуна 514,85 азр. аскариясде.




#Article 71: Гьигьалъа бахӀарзал-Шамилил наибзаби (974 words)


Гьаб макъала хъвазе пикру ккана гьаб соналъул 7 январалда къватӀибе бачӀараб ХӀакъикъат газеталда бахъараб Гьигьалъа наибзаби абураб макъала цӀалидал. Гьеб макъалаялъул автор ккола диеги тарихалъул дарсал кьурал Гигьалъ гьоркьосеб школалъул учитель Дибирасулаев МухӀамад. ЛъикӀаб xӀалтӀи гьабулеб буго нилъер МухӀамадица нилъер цебесеб тарих наслабазда кӀочонгутӀизелъун 1995 соналъул 16 декабралда бахъун букӀана РитӀухъльи бергьичӀo абураб гьесулго макъала. Жиндир заманалда гьесги гьевго гӀадал цогидал аралъул цӀеx-рехал гьарулезе байбихьун букӀарарабани тӀадмагӀарулазул тарих данде гьабизе, жакъа нилъеда гъваридго лъазе букӀана ХӀХ ГӀасруяла рукӀарал гӀалимзабазулги бахӀарзазулги хӀакъалъулъ. 

XӀX гӀасруялла Дагъистаналда ккарал рагъазулъ кӀудияб бахӀарчилъи бихьизабуна чӀамалаз ва хасго гьеб жамагӀаталъул цебехъанлъун букӀараб Гьигьалъ росдал наибзабазгун муридзабаз. МухӀамадица абухъего, тӀахьазда, журналазда, газетазда гӀемер батула Гьигьалъ абун хъвалеб бакӀалда Гъагъалъ, Гьидалъ, Игьали абун хъван. Авторас жигар бахъулеб буго гьел гъалатӀал ритӀизаризе. Гьебго заманаялда тӀадехун рехсараб макъалаялда гьесулги ккун руго цо-цо гъалатӀал Гьигьальа Къадиласул МухӀамадил бицунаго авторас хъвалеб буго гьадин: ГӀолохъанаб заманаялда гьев цӀалула батӀи-батӀиял росабалъ, гьесие щола лъикӀаб исламияб льай. Рес бугев чи вукӀаниги, гьев уна ГӀахъушаве ва лъазабула ярагъ гьабулеб махшелги. Къадиласул MyxӀaмад гьенив вукӀаго, гӀахъушдерилги гӀурусазул солдатазулги ккараб рагьулъ МухӀамадица бихьизабула унго-унгояб бахӀар-чилъи. ГӀахъушдерил къадияс гьесие кьола къадруяб тухумалъул яс Адай. Дида льаларо авторасда гьел: баянал кисан рагӀарали амма дица Гьигьалъ росулъ кӀалъазанвичӀев тарих лъалел херазда гьоркьов цӀакъго къанагӀат гурони чи xyтӀун ватиларо. Къадиласул MyxӀaмад ГӀахъушалив вукӀанин ва гьениса чӀужуги ячун йикӀанин абун дида лъицаниги: бицинчӀо. 

Гьеб буго МухӀамад-ТӀагьирил Барикъат ассуюф абураб ГӀypyc ва магӀарул мацӀаздеги буссинабураб тӀехьалдаса бaчӀаpaб хабар. Гьелда рехсон вугев Къадиласул МухӀамадги ва Гьигьалъа Къадиласул МухӀамадги цого чагӀи кколаро. ХӀакьикъаталда, Къадиласул МухӀамадил чӀужу Адай ГӀахъушаса йикӀинчӀо, гьей йикӀana Губденалдаса ячарай. Дир рокъор руго Шамхалов ГӀубайдулаца кьураб дантаралда хъварал, Гьигьалъ росдал къокъал биценал. Гьелда буго гьадин: Имам МухӀамадилал Горданиса ккола, гьезул къебед вачӀун вуго, Къадил цӀарги гьесдасан бачӀараб буго. Къади ккола Къадиласул МухӀамадил эмен. ХӀакъикъаталда гьигьалъдерица гьеб тайпаялде абула Горданили абун. Гьелъул MaгӀнa буго Губденал абураб. ПатхӀул - Мубинил бицен битӀун батaни, Къади цоги росулъа вачӀарав чи вукӀиналъ, гьес жиндирго росулъа - Губденалдаса яс ячула васасе, Къадиласул MyxӀaмадие. Гьей ясалда цӀарги букӀун буго Адай. Гьигьалъ росдал жамагӀат буго батӀи-батӀиял росабалъа гочун paчӀapaл, гӀадамаздаса лъугьараб. Гьезул гӀадатги буго тухумалде (гьигьалъдерица абула тайпайилан) бачӀараб къукъаялда гьезул росдал цӀap толеб. 

Масала, Гьигьалъ руго гьадинал тайпабазул цӀарал: Алади - гьел ккола ГӀалахъ росулъа рачӀаралдаса лъугьарал гӀадамал. Гьединалго цӀарал щвана Губденалдаса вачӀарав Къадил наслуялъул гӀадамазеги. Жидедаго гьез абула Къадилохани абун. 

Къадие гьавун вуго вас, гьесда цӀapги лъун буго МухӀамад абун. Гьигьалъдерица гьесда абулаанила Къадиласул МухӀамадилан. Гьев вукӀуна имам ГъазимухӀамадидаса байбихьун, Шамилил рагъал лъугӀизегӀан вагъарав рагъухъан. 

Шамил имамгун рукӀарал наибзабазул суратазда гьоркьоб буго Къадиласул MyxӀaмадилги. Гьесул каранда буго орденалъул сипатги. Гьеб орден Гьигьалъа МухӀамадкаримил ТӀалхӀатица кьун буго Гьаквари росулъа ГӀабдулхабиров МухӀамадихъе. 

ГӀоротӀаса МухӀумаев МухӀамадрасулил квералъ гӀарабалъ хъвараб кагътил тӀанчида батана Къадиласул МухӀамад цӀаларав чи вукӀинчӀила, гьев квегӀаб гӀиндаги бакӀав вукӀанилан, амма доб заманаялда Дагъистаналда гьев гӀадинав къвакӀарав чи къанагӀатги вукӀинчӀилан абун. Шамилил заманалда гӀурусаздаги магӀарулаздаги гьоркьор ккарал рагъазда гьес гӀахьалъи гьабичӀеб цӀакъго къанагӀат гурони батиларо. 

Къадиласул МухӀамадил хӀакъалъулъ буго цо гьадинаб баян. Гьезул наслуялъул гӀадан ГӀабдулкъадирил Сайидатица бицана дида гьеб. Хунзахъ Бахубика чӀвараб мехалъ, гьенив вукӀун вуго Къадиласул МухӀамад. ЧӀвазеги чӀван, ракул гъуниялда тӀад букӀун буго гьелъул жаназа. Мугъзадаса бихъун гурдеги букӀун буго. ХъахӀаб берцинаб гьелъул мугъги чӀегӀерал гьалалги рихьидал, жиндир ракӀ пашманлъанилан бахиллъун бицунеб букӀун буго гьес. ТӀаде хъинги бан, жаназа жинца бахчизабуниланги бицунаанила гьес. 

Къадиласул МухӀамадил вукӀун вуго ункъо вас. TӀoцeвесев ккола Губденалдаса Адайие гьавурав. Къади наиблъун вукӀанин бицуна. Гьев чӀван хадув гьесул бакӀалда тун вуго KӀвaнадаса Пасхъан (цо-цояз гьесул васинги бицуна). ЧӀамалазул наиблъун вачӀиндал, жиндирго хварав васасул бакӀалда гьев тӀами квеш бихьула Къадил гьитӀииав вац ГӀабдулкъадирида ва гьес гьев мажгиталда цеве вухула. Гьеб хабар рагӀула имам Шамилида. Имамас абула: Муридзабаз вухулев наиб вукӀунаро, - ян. Гьесул бакӀалда чӀамалазул наиблъун ГӀабдулкъадирги тӀамула. Цебесеб гӀасруялда бахъараб цо тӀехьалда (ССКГ вып. Тиф. 1872. с.3-4) чӀамалазул наиблъун вихьизавун вуго ГӀаблулкъадир ва гьесул вукӀанила 400 рагъухъанги, гьездасан 250 лъелав ва 150 рекӀарав. Къадиласул MyxӀaмадил кӀиабилев вас Маллач вукӀун вуго къигьалазул (чачаназул) наиблъун. Гьев вукӀана ГӀабдулкъадир наибасдаса кӀудияв. 

Гьигьалъ росдал дибирльун вукӀарав Гъайирбегица дихъе кьураб MaгӀан абулеб тӀехьалда батана гьесул ирс бикьиялъул баян. Хъван буго гьеб Гъазами ал-Аварияс. Дибирасулаевасул макъалаялда бихьизабун буго ГӀабдулкъадир наиб Хьаргьаби рагъулъ (Ӏ848) лъукъанилан ва гьениса рокъовеги вачӀун, хванилан. ЦӀех-рех гьабидал, дида батана гьигьалъдерил Гъоркьиял хабалалъ борхатаб зани. Зонода бикӀун хъван буго гьев хвараб заман 1276 (1859) сон. ГӀабдулкъадир лъукъун вуго гӀурусаз кьвагьараб гӀарададул гуллил кесек щун, дида бицухъе, Ведено росдада аскӀоб бугеб. Ватул гьабихъ, цо-цояз бицухъе, Болъон тала абулеб бакӀалда. 

Цоги Гьигьалъа вахьарав наиб ккола ХӀажар-КӀудияв Дибирасуласул вас. Гьес гӀахьаллъи гьабун буго ЧӀиркъатӀа ва Харахьи росабалъ рукӀарал имам вищулел данделъабазда. ХӀажар наиб ва гьесул магӀзун (заместитель), Гьигьалъа ГӀабдурахӀманги ва цогидал чӀамалалги хвана 1848 соналда Хьаргаби ккараб рагъулъ. 

Гьигьалъдерица ва цогидал росдал хераца бицунаан цогиги рукӀанин Гьигьалъа рахъарал Шамилил наибзабиян. 

Дун Гъодобери росулъ историялъул биценал ракӀарулев вукӀана 1990 соналда. Дида цадахъ вукӀана Гьигьальа Идрисил MyxӀaмадги. Дида цӀар щибин ва киса кколевин гьикъана гьениса херав Шаматов Баширица. Дица абуна Гьигьалъа вугин, цӀарги Шамхалдибир бугин. ГӀодоб биччан бетӀергун, цо-кӀиго минуталъ нижеда кӀалъачӀо херав. Хадуб гьес бадиса магӀу бацӀцӀана ва гьаб гӀасруялъул лъеберабилел соназ живгун цадахъ туснахъалда рукӀанин Гьигьалъа Доликги Шамхалдибиргиян бицана. Гьел чӀвараб къоги тункӀил гьаракьги ракӀалде шванин жиндаян абуна херас. Хадуб гьес бицана Шамхалдибирил эмен ГӀумархӀажиги Шамилил наиб вукӀанин бицен бугин, гьесул рукъги гьигьалъдерид мажгиталда аскӀоб букӀун рагӀулин. Гьигьалъе бачӀараб мехалъ Шамилги гьезулъ рещтӀуневги вукӀун вугин. 

Гьигьалъа РотӀа MyxӀaмадица (ХӀусайнияв) Имам-МухӀамадил бицунаго, хъвалеб буго гьев Шамилил наиблъун вукӀанила, амма бихьизабун гьечӀо щиб бакӀалда наиблъун гьев вукӀаравали. 

Мунагьал чураяв НурмахӀамадил МухӀамадицаги бицунаан. Аргъваниса Шамхалги. Имам МухӀамадги гӀoлохъанго тарал наибзаби рукӀанилан. Гьев наиблъун вукӀиналъе нугӀлъи гьабула цо магӀил мухъазги. Гьеб назмуялъул автор вуго Гъодобери росулъа Къурбан-хӀажияв. 

ТӀадехун рехсарал гурелги, рукӀанилан бицуна Гьигьалъа рахъарал наибзаби ва бергьарал бахӀарзал. Масала, МукӀуч ГъазимухӀамад. Бицен буто гьесул тункӀил гулла алхунароанилан. Унсоколо ккараб рагъда кӀудияб бахӀарчилъи бихьизабула Гьигьалъа ХӀанкӀил МухӀамадил ГӀумарица. Гьес гьенив чӀамалазул наиб МикагӀил хвасар гьавула (гӀурусазул рахъ ккурав ансадерил цевехъан) Тотомилавасдаса, гьенив живгоги чӀвана. ГӀабдулкъадир наибгун цадахъ вукӀуна Чачаналъ лъукъарав ГьитӀимухӀамад дибир. Даргъо хъаладухъ байрахъ чӀвалаго шагьидлъана ХӀамзалав...




#Article 72: ГІарабал (1610 words)


ГӀарабал () — ГӀарабистаналда ва Дунялалда бищун кӀудиязул цояб миллат.

ГӀарабал Дагъистаналде рачӀиналъул хӀакъалъулъ

Дагъистаналъул гӀелмияб централъул хӀалтӀухъабаз щибаб соналъ тӀоритӀула батӀи-батӀиял мугӀрузулги, гӀатӀидракьалъулги районазде археографиялъул экспедицияби. Нилъер магӀарул росабалъ щибаб соналъ аниги тӀадеялдаса тӀаде цӀикӀкӀун гурого дагьлъулел гьечӀо нилъер рухӀияб бечелъи. Нижеца цӀех-рех гьабулел жалги руго гӀараб хӀарпаз хъвараб щиб букӀаниги. БукӀа гьеб гӀажамалъ хъвараб ялъуни гӀараб мацӀалъ хъварабниги. Щай гьедин цӀикӀкӀунеб абун суал баккизеги бегьула бокьарав чиясул? Щай абуни цебе коммунмистазул заманаялда гӀадин нижеца щибго жо нахъе босуларо кьеянги гьаруларо. Нилъер гӀадамал ругьунлъун руго рачӀарал чагӀаз кинабго жо нахъе босиялда. Амма нижеца жакъа къоялде щвезегӀан абизе кӀола цониги тӀамач нахъе босичӀин изну гьечӀого абун. Нагагьлъун цощинабго тарихалда хурхараб букӀа ялъуни мацӀалда, гӀадатазда хурхараб жо батани нижеца копия гьабула гьев бетӀергьанчиясул изнуялдалъун гӀицӀго. Гьесие бокьичӀони гьабичӀогоги тола. Дир гӀакълуялда рекъон дида кола гьедин батилин щибаб соналдаса соналде жалго гӀадамал рачӀуна жудорго бечелъиялъухъ балагьизе рачӀаян гьаризе. Щайгурелъул киназдаго лъалеб гьечӀо гӀараб алфавиталъ хъвараб жо цӀализе. Гьединлъидал тӀахьазул бетӀергьабазе жодоего буго кӀудияб интерес щибдай элда хъван бугоян балагьизе. Араб 2008 абилеб соналъул июль моцӀалда ниж щвана Хунзахъ районалде. Гьава-бакъги рекъон ккечӀого, рикӀкӀад ругел росабалъеги ине санагӀат рекъечӀого нижеца хӀукму гьабуна цониги цӀияб библиотека батилародаян аскӀоб бугеб ТӀанусире рахине. Росулъе рачӀунаго тӀоцеве данде карав чиясда цӀехана росдал дибир. Гьес ниж дибирасухъеги рачана. Ниже къваригӀараб жо лъайдал, гьевго чияс ниж рачана жиндирго рокъоре. ЦӀарги гьесда букӀана Дибиров МӀухӀамад. Гьес нижеда бицана гьел тӀахьазул хӀакъалъулъ дагьа-макъабго тарихги. ТӀахьазул бетӀергьанчи вукӀун вуго гьесулго эмен Дибирасул вас Насрудин (1910 – 1997гг), жиндир мунагьал чураяв. Жиндирго заманалъ гьев Насрудин вукӀун вуго цӀаларав чи. ТӀоцеве гьев цӀалун вуго гӀараб гӀелмуялъе жиндирго росулъ ТӀанусив. Хадуб Хунзахъги цӀалун вуго, гьенисан ун цӀалун вуго Унсоколо районалъул ХъахӀабросулъги. Гьенисан вусун хадув хӀалтӀун вуго ТӀанусиб росдал имамлъунги. Лъида цеве эмен цӀалулев вукӀаравали гьай-гьай васасда лъалеб гьечӀо. МухӀамадица бицанихъе Насрудинил букӀун буго лъикӀаланго кӀудияб библиотека. Эмен хун хадуб, гьел тӀахьал цереса цере ун, цӀакъ къанагӀатал жал гурони хутӀунги гьечӀо. Гьезда гьоркьоб, бер речӀарабго дида бихьана цо квералъ хъвараб даптар. Гьеб бугоан гӀажамалъ хъвараб. Гьелда жанир ругоан гӀемер батӀи-батӀиял вагӀзаби, туркаби, мавлидал. Гьездаго гьоркьоса бищунго кӀудияб асар дие кьуна тарихияб хъвай-хъвагӀаялъ. Гьеб бугоан гӀарабал Дагъистаналдеги рачӀун, гьенисан ТӀанусире рачӀиналъул хӀакъалъулъ хъвараб тарих. Гьеб гӀемер кӀудияб макъалаги гьечӀоан 15 тӀамач гурони. Дибиров Насрудиницаги гьеб хъван бугоан ТӀанусиса Къебедасул МухӀамад абулев чиясул тӀехьалдасан. Гьабги хъвана ТӀанусиса Дибирасул вас Насрудиница 1988 соналъул 5 февралалъ, абун хъванги буго гьелъул ахиралда 

Къебедасул МухӀамадил гӀагарлъи цӀехедал нижеда гьезул чиги ватичӀо. Дица МухӀамадидаса изнуги босун гьелъул диего копияги гьабуна, бусинабуна магӀарул мацӀалде цониги хӀарп хисизеги гьабичӀого, бугеб къагӀидаялъ. Гьенир руго ва жеги ратизеги рес буго гъалатӀалги. Дица ургъун бахъараб жо гурелъул, бокьилаан, рес бугебгӀан мехалъ, бугеб къагӀидаялъ цӀалдолезухъе щвезеги. 

ЦӀарги гьелда буго: ГӀинтӀаме вацал гьанже Cуракъатил зулму баян гьабизин.

Дагъистан букӀана цӀакъ берцинаб, гӀатӀидаб, боцӀуда баракат бугеб бакӀ. Жудор гӀадлу сабаблъиялдалъун Суракъатил хабар инеб букӀана. Энир рукӀана гӀемерал росаби. Эзул агьлуги букӀана кафурал, чӀухӀарал, къосарал хъанчий лагълъи гьабулел. Гьел киналго росабазул ханзабиги рукӀана къосарал, квешлъиялдалъун амру гьабулел, лъикӀалдалъун нагью гьабулел. Бищун шавкат кӀудияб росу букӀана ТӀанусиб абун. Энивги вукӀана кафурав, къосарав хан, бищунго квешлъиялъул ва шавкаталъул бетӀергьан. Эсда цӀарги букӀана Суракъат. 
Дагъистаналъул бутӀрул рукӀана эсул умумулги ШартӀан, Авариз-хан, ГӀуммахан, Фирман шагь, Бакъир, Намрур, Байар, ТӀагьман, Сайид, ГӀамир, ФиргӀан, Хавашагь, Сафи, Шагь ГӀаббас, ТӀуруз, Хъадар шагь, ХӀарис хан. 
Адам аварагасде щвезегӀан эсул умумул азаралда ункъоялда анцӀила ичӀго ругелила. Эсиеги (Суракъатие) букӀана кинабго дагъистаналъул хардж – магъало. Чергес вилаяталдаса бахъараб Шамхалалде щвезегӀан кинабниги боцӀул, тӀорщалил, гӀиял, хӀайваназул, хамил, пихъил хӀатта гӀанкӀудал ханазулцин букӀун буго. Щибаб соналъ кинабго ракьалтӀа гӀарцул лъабго гӀабаси букӀана. 
ТӀорщалил цо-цо къали, гӀиял – нусидаса цо жо, хӀайваназул – нусго рукъалдаса цо оц, хамил – базар гьабулев чиясдаса кӀиго хамил туп, пихъил ахал ругел чиясдаса цо гьегь. 
Чи чӀварав чиясдаса нусго гӀи букӀана, чияда ругъун гьабурав чиясдаса цо оц букӀана. Жо бикъарав чиясдаса цо оц букӀана. Кинабниги росдадаса щу-щу цӀе букӀана – ункъго багӀараб цо чӀегӀераб, щу-щу гӀиялъажоги букӀана. 
Щибаб росдадаса цо-цо чуги цо-цо гӀакаги. Гьев ханасеги мутӀигӀаб букӀана кинабго Дагъистан, щибго инкар гьабичӀого кьолаан магъалоги. 
Аварагасул инсул вацал ХӀамзатилги, ГӀаббасилги наслуялъул гӀадамал рахъун руго Мака-Мадинаялдаса гьиджра гьабун (200) кӀинусилъ тарих бугеб мехалда. КӀиазарго чигун цадахъ гъазават гьабизе капурзабигун рагъун, Аллагьасде таваккалги тӀамун жудорго шагьаралги тун, жал рижарал ракьалдаса хьулги къотӀун капурзабазул ракьалда ислам тӀибитӀизе гьабизе къасд гьабуна. Ал (гӀарабал) рахъиналъе сабабги букӀана жудода гъазаваталъул хиралъи лъайдал, жудода свера хъверун рагъ гьабизе капурзабиги ратичӀого, эл жудор ватӀан тун рахъана. Эзулги букӀана щуго къокъа. Лъабго къокъа ХӀамзатил лъималазул рукӀана - КъускъантӀиялде щвезегӀан. Энир чӀун бана цо дагьал сонал. Цинги энисанги къокъана щуазарго чигун цадахъ Гьундустаналде щвезегӀан. 
Энирги чӀана цо дагьаб заманаялъ. Цинги гьенисанги рилълъана чӀечӀого Ширваналде щвезегӀан. Цинги энир чӀана рагъул алат къачӀалел – гӀарадаби, газаргъаби эл гурелги матахӀалги данде гьарулел. Дагъистаналъул капурзабазде ине къасд гьабуна эз. Эзул гӀадат букӀана жудор бищун кӀудияв ханлъун вугев чиясда хадур, киналго рекъон, дагӀба-рагӀи гьечӀого ине. 
Бахъарабщинаб бакӀалда бетӀерги толаан жудоцаго абураб жоялда тӀад калам гьечӀого тӀубузабулев чиги. 
Къамилухъ ХӀамзатил наслуялъул чи тана. Эсда цӀарги Гьишам хан букӀана - Амир ХӀамзатил вас. Гьелдаса нахъе жудор гӀадат мадат бекьана. Ханлъун тарав щинав чиясда Шамхал абураб цӀар кьуна. Цинги эл рагъана чӀахӀиял тӀелалгун, лебалал чуялгун. Рагъизе Дагъистаналде эл рачӀун ругилан лъараб мехалъ эл киналго капурзабазул боял данделъана. Къосарал аскаралги цолъана Дербент абулеб шагьаралда аскӀоб, гьел исламалъул боял нахъчӀвазе гучалдалъун. 
Гьеб мехалъ бусурбабаца витӀана цо нусго лъикӀав бахӀарчи дол капурзабазул хӀал бихьизе. Эзда (гӀарабазул къокъаялда) дол (капурзаби) ратана жудодасаги гӀемер бахӀарчилъи цӀакъал. Гьеб мехалъ бусурбабазул ракӀал хӀинкъана, гьезиеги бокьана (бусурбабазе) балъго дол боял рихизе гьаризе. Цинги гьел хӀиллаялде ургъана. ГӀемераб квен-тӀехги гьабуна, гьоркьоб загьруги жубана. Гьеб загьруги букӀана бакьал тӀутӀулеб, черх гьоролеб. Гьеб мехалъ, капурзаби тӀаде къайгун гьеб квенги, дагьа-макъаб къайиги гъоркь тун эл бусурбаби лъутана. Дол капурзабазда эб тӀагӀам батараб мехалда гьез гьеб кванана. Гьелдалъун гьезул хвана ункънусазарого (400 азарго) чи. Гьелда хадуб Аллагьасул квербакъиялдалъун капурзабаз мугъ бана, бусурбабиги Дагъистаналде лъугьана. Рагъ гьабун Хайдакъ шагьарги бахъана. Гъазанфар абурав цо кӀудияв ханги чӀвана цойги гӀемерал бахӀарзабиги чӀвана гьенир. 
Руччабиги куна энир, хӀалкӀун жалгоги энир парахалъана. Имамги ханасул тахиде вахинавун, гьенир гӀемерал росабиги рана, гьебги тахшагьарлъун гьабуна. Гьелда цӀарги КъалгӀатул Къурайш абун цӀарги тана. 
Цинги Гъумекдерил ханзабазулгун загьираб рекъелги гьабуна. Цо дагьаб заманалдаса рекъелги бихун балъго тӀаде кӀанцӀун гьел Гъумекдерил агьлуго пассат гьабуна. Эзул киналго руччабиги мусаххар (махсароде ккуна) гьаруна. 
Гьанже дол рачӀана Джабалул Джансиялде Хунзахъе. Эзул хан вукӀана Баяр, Суракъатил вас Нуцалхан абун жинда абулев. Эвги жиндирго рукъалъул агьлуги бачун, цойги кинабго гӀагарлъигун цадахъ Тушалъе лъутун анна. 
Гьанже бусурбабаца гъазават гьабун магӀаруллъиялъул киналго рахъазулъ гӀемерал росабиги чӀунтизаруна, кинабго Дагъистаналда квершелги гьабуна. Гучалдалъун эзул бахӀарзабиги чӀвана, руччабиги лъималги асир гьаруна, кинабго боцӀи-хазинаги нахъе босана. Энив ханасул тахидаги чӀана Махсумбек, шайх АхӀмадил вас иманлъунги чӀана. Абулмуслим шайх эз кинабго дагъистаналда тасарруф гьавуна. 
Цоял ккун, цоял чӀван росаби чӀунтизе гьарун тана. Эзул гӀадатги букӀана (бусурбабазул) жудоца бахъарабщинаб росулъ цо-цо хан толаан. АскӀовги толаан доздасан бергьунеб къадаралда жудорго солдаталги. 
Гьанже дов Шамхалги чӀван Гъумекиб шагьаралда кинабго ракьалъул харжги босана, бусурбабазул закатги босана. Эзиеги мутӀигӀлъана кинабго Дагъистан. 

Щибаб соналъ эсие рачӀунел харжазул баян:
Къарахъ жамагӀатал – щунусго гӀиялъажо ва цо гӀала; Кусрахъ жамагӀаталъ – лъабнусго гӀиялъажо ва цо гӀала; Гъирим – ункънусго гӀиялъажо ва цо гӀала; ЧӀамалал – цо нусго гӀи; ТӀиндиб – къого оц; ГӀурчуб – нусиялда лъеберго гӀиялъажо; Хундерил агьлоялдасан – анкьнусго къали ролъулги, анкьнусго гӀиги, лъабго къали гьацӀдалги; ГӀандадеридаса – цо оцги анкьго буртинаги; Гъадариса ва ГьаракӀуниса – хундерил бугелъул бащадаб; Тумал – рукъалдаса цо-цо ккуйги, цо-цо къали ролъулги; Михахич – гьебго; Костек – рукъалдаса цо-цо ччугӀа; Таргъу – рукъалдаса кӀиго сахӀ пиринчӀул; Губдан – нусго кви; Хайдакъ – нусиялда лъабкъого гамуш; Ускушиб ва ГӀахъушиб – нусго оц; ХӀурахъ – рукъалдаса гӀабаси; ЦӀадахӀариса – кӀикъоялда анцӀго оц; ГьамчукъотӀи – анлъго хӀама; Бакълъулал – лъеберго оц; РицгӀор ва Мукракь – лъабкъоялда анцӀго кви; Кудалиса – нусго гӀалаги нусго чуги. Гьал киналго харжал щибаб соналъ ХӀамзатилги ГӀаббасилги лъималада гьоркьоб бикьулаан. 
Гьелдаса хадуб цо дагьаб заман ингун, дов Тушалде лъутун вукӀарав Суракъатил вац Байар вачӀана ЦӀунтӀаса бахъараб ГӀарчубе щвезегӀан боялги ракӀарун. Цо бецӀаб сордоялъ Хунзахъе лъугьана. РакӀал бусурманлъичӀого энир хутӀун рукӀарал чиязул рукъзабахъ боялги живгоги вахчун чӀана жудойго сверел, рес рекъезегӀан. Гьеб сордоялъ Абулмуслим шайхасул вас Абулмуслимида макьилъ бихьана капурзаби бергьун Хунзахъ ва гьениб пасалъиги ккун. Гьеб макьу бокьичӀогун эв радал вахъун Гъумекиве лъутана. КӀиабилеб сордоялъ капурзабаца эзул хан Амир АхӀмадги чӀвана. МагӀлумбекил вацасул васги чӀван эсул бетӀерги хъаладул къеда бан батун буго. Гьеб къоялъ киналго бусурбабазул къокъадул гӀемерав чи гъурана. Элги хадур мурадалде щвана, Баярги жиндирго инсул тахида гӀодов чӀана. 
Гьебмехалъ бусурбабаздаги эздаги гьоркьоб гӀемерал рагъал ккана, питнаби халалъана. Къоло ункъго сон бана гьедин. ЦӀакъ рeкъзабиги къварилъана, бетӀербахъиги захӀмалъана, рагъги чӀалгӀана. Гьанже гьезда иман лъун исламалъулгун маслихӀат ккана, жалги парахалъана. Гьелдасан цо дагьал сонал ингун Гъумекдерил ханазабаздаги Хайдакъалъул ханзабаздаги гьоркьоб питна ккана. Гьереси, мацӀ гьаби, мехтел эб гуребги пасалъаби ккана эниб. Хайдакъалъул ханазаби МухӀаммадханги, Амир ХӀамзатги хундерил ханзабахъе кӀанцӀана, жал эзийги гьедана щибаб жоялъе эзда нахърилълъинилан. Гьеб мехалъ эзда гьоркьобги Гъумекдерил ханзабазда гьоркьобги ккана гӀемерал рагъал. Цинги хундерил ханас ритӀана гӀакълуялъул бетӀергьаби Кавтар шагьасухъе - Турк вилаяталде рекъел гьарун. Элги гьеб заманаялъ ГӀумарасхӀабасул Халифаталъулъ рукӀана. Цинги эзул къотӀи ккана цоцазулъ рекъон кӀиязулго тушманзабигун рагъизе. Эзул амруги вацазул бакӀалде ккана. Кавтар шагьасги абуна хундерил ханасул яс жиндирго васасе. ЦӀар чӀван кӀиясго къабул гьабуна кӀияйго кӀиясего кьуна. Гьеб мехалъ Кавтар шагь Гъумекиве вачӀуна туркалгун цадахъ бакъбаккул рахъалдасан. СартӀанги вахъана хундерил вилаяталъул боялгун Хайдакъалъул ханзабигун цадахъ бакъшинкӀул рахъалдасан. Эв кӀиявго эниве, Гъумекиве, щвана итни къоялъ, эбги рамазан моцӀалъул тӀоцебесеб къо букӀана. Гьанже рагъана гьел мажгиталда тӀаса бугеб хъалаялда жанирги чӀун. Энив эзул шагьидлъана лъабкъого чи. Гьеб къагӀидаялъ жудорго рухӀалги кьун, боцӀиги кьун, рагъана сафар моцӀ щвезегӀан. Гьеб мехалъ гьел гьеб хъалаялдаса ратӀа гьаруна шамат къоялъ Гъумекги чӀунтизе гьарун. Гъумекдерил ХӀамзатилги, ГӀаббасилги наслуялъул ханзаби ракьалъул рагӀаллъабазде ккана. Хайдакъалъул ханзабиги эзул бакӀалда чӀана. Кавтар шагьги, СартӀанги жудорго ватӀаналде руссана. ХӀамзатилги ГӀаббасилги наслуялъул хӀакъикъат гьадин ккун буго. Гьелъул тарихги гьаб буго (718 / ) анкьнусиялда анцӀила микьабилеб сон буго.




#Article 73: Ункъракь (178 words)


Ункъракь — Дагъистаналъул ЦӀумада мухъалда бугеб офицалияб гуреб, тарихияб бутӀа.

Тахшагьар - Къеди.

Ункъракьалда гьоркьоре уна ЦӀумада мухъалъул Къеди, Силди, Гьакъоб, Гъоркьхъваршини, ТӀаса Хъваршини, Сасикь, Метрада, Цихалахъ ва Хушати росаби. Районалъул  цогидал росабазда данде ккун гьезул хаслъи буго - гьел киналго росаби болмацӀалда кӀалъалел, ай жидерго цоги мацӀ гьечӀел рукӀин. Макъалаялъул авторас бихьизабухъе, гьел росабазул хӀакъалъулъ цӀакъго дагьаб гурони материал газет-журналазда хъваларо (гьениса хъвадарулел чагӀи гьечӀолъиги  батила гьелъие гӀилла). Кинниги гьел росабазул тарих цӀалдолезда, хасго гьел росабазул гӀадамазда лъай мурадалда, СайгидахӀмад АхӀмаднабиевас батӀи-батӀиял тӀахьаздаса,  архивазда ругел хӀужабаздаса, гӀурусалдаса буссинабун хъван буго гьаб макъала. Гьенирги  цо-цо цоцазде дандекколарел бакӀалги руго, рукӀаниги х1акъикъат лъаялъе мунпагӀат  букӀинин гьел рахъулел руго. 

Ункъракьалъул росабиги цоги бакӀалдаса рачӀун чӀарал магӀарулаздасан лъугьарал руго. Гьезул гӀорхъаби: бакъбаккудасан хъвар щалгун ва тӀиндалгун, югалъул бакъбакку дасан гуржиялгун ва цӀунтӀалгун, югалдасан ва югалъул бакътӀерхьудасан гуржиялгун, севералдасан чачаналгун ва севералъул бакъ баккудасан ч1амалазулгун руго. Гьездаго гъорлъ руго батӀияб миллаталъул лъугьарал тухумалги. Масала: Цихалахъ росу Чачаналдаса бид виххун Цихалди росулъа вачӀарав чияс ккураб бугин абула. Буго  Сасикь  Табасараналдаса вачӀарав чиясдасан лъугьараб тухумги, - Гуржиялъа вачӀарав чиясдасан лъугьарабги, гьединго руго цогидал росабалъги.




#Article 74: ХІусенил МухІаммад Апанди (155 words)


ГIуриса ХIусенил МухIаммад Апанди, — (), (1862 - 1967), ГIуриб, Дагъистан —  шафигӀил мазгьабалъул гӀалимчи, тӀарикъаталъул устар, муршид. 

Гьавуна 1862 соналъ ГӀуриб росулъ, Шамилил районалда, Дагъистан жумгьурияталда. Исламалъул гӀалимчи, Дагъистаналъул бусурбабазул рухІияв цевехъан, Накъшубандияб ва Шазалияб тӀарикъатазул муршид. 

ХIусенил МухIаммад Апандиясул тIоцевесев тIарикъаталъул устар ккола ГIасаса ГIабдурахIман ХIажияв [хв. 1909г]. Жеги ХIусенил МухIаммад Апандиясе тарбия кьуна Сайфуллагь Къадияс [хв. 1919г], КъахIиса ХIасан Апандияс [хв. 1937г], Гьандихъа ХIумайд Апандияс [хв. 1952г].

ГIуриса ХІусенил хъизан - ПатIимат, машгьурав гIалимчи Дибир хIажиясул яс. Гьезие гьаруна ясал: Мариям, Загьидат, ГьитIинапатIимат, ХIаписат, Умакусум, ва цо вас: МухIаммад.

ГIуриса ХІусеница лъеберго соналъ бахчун буго ХIасан апандияс жиндихъе 1920 соналъго кьураб ижаза, кидалъизегIан гьеб бахчун толеб, - абун 1950 соналъ ХIумайд апандиясул рахъалдасанги ижазаялъул амру тIаде бачIинегIан. 

ГIуриса ХІусеница ижаза кьуна КъахIиса МухIаммад ГIарип апандиясе, Лъахъа ХIамзат апандиясе, Инхоса ГIабдулхIамид апандиясе.

ХIусенил МухIаммад Апанди хвана 1967 соналъ ва гьесул хоб буго ГIуриб росулъ. 

ХIусенил МухIаммад Апандил тIахьалги назмабиги руссинарун руго гIемерал мацIцIазде.

 




#Article 75: ЦӀунтӀал (159 words)


ЦӀунтӀал яги Цезал  (цӀун. цIунтIал) — Дагъистаналда ва Гуржиялда  бугеб миллат. Къадар — 28 азарго чи. 

Дагъистаналъул ЦИКалъул хӀукмуялдалъун ЦӀунтӀа район гӀуцӀана 1930 соналъул декабралда. Араб соналъул риидал цӀунтӀадерил жамагӀаталъ кӀодо гьабуна район гӀуцӀаралдаса 80 сон тӀубай. Гьеб рохалилаб тадбиралде рачӀун рукӀана ДРялъул хӀукуматалъул вице-премьер, районазул ва шагьаразул бутӀрул. Районалъ бараб 80 соналъул 13 сон гьелъул гӀадамазе талихӀкъосараб букӀанилан абизе ккола. Баянаб букӀахъе, 1944 соналъул 9 марталда СССРалъул Халкъиял Комиссаразул Советалъул (СНК) хӀукмуялда рекъон, ЦӀунтӀа районалъул 46 росдал 1514 цӀараки хӀал гьабун гочинабуна Чачаналде, Ведено районалде. Цезазул ракьал кьуна Гуржи ССРалъул анкьго районалъул магӀишатазул гӀиял хьихьизе риидалилал мучӀдуллъун. ТӀолабго Дагъистаналъул 21 районалдаса Чачаналде битӀун букӀана 5000 цӀараки. Ведено районалда ракъун, къечон, квачан, гьава-бакъалъул ва тӀабигӀиял шартӀал рекъечӀого Аллагьасул къадаралде щвана 3857 чи. Гьедин цезазул миллат мигьлъана 50 проценталъ. Жакъа цӀунтӀадерица рикӀкӀунеб буго республикаялъул цогидал миллатаздаса жал 50 соналъ нахъа хутӀанилан.

Шамхал поселокалда тӀобитӀараб данделъиялда кӀалъазе рахъараз бицана жидерго халкъалъул бугеб къваридаб къисматалъулги, улкаялъул ва республикаялъул нухмалъиялъ кӀвар кьолеб гьечӀолъиялъулги.




#Article 76: Кабардиял (126 words)


Кабарди́нал яги Микма́кал () — адыгазул субэтнос, Кабардин-Балкариялда бугеб миллат, гьединго руго Краснодарскалъулаб ва Ставрополалъулаб краязда, Карачаевгун-Черкесиялда, Адыгеялда ва Шималияб Осетиялда. Кабардин-Балкар жумгьурият]алда 2010 саналъул хӀисабалда халкъалъул 57 % ккола гьел.

Россиялда кабардиназул къадар 2010 соналда гьабураб хъвай-хъвагӀазда рекъон бахуна 517 азар чиясда.

XIV гӀасруялдасан нахъе киналго адыгазул тарих (кабардинал, чергесал ва адыгал рикӀкӀун) цо букӀана.

Амма 1864 с. швезегӀан гьезул цо-цоял, жедер ракь бахъанин, мукӀурлъичӀо, Дагъистаналда ва Буртиялъ рачӀана Россиялда данде рагъизе. 

Кавказалъул рагъда къейгун (1864 с.), адыгазул гӀемерисеб халкъ (гьезда гъоркьо кабардиналги) чӀван букӀана, хутӀарал щинал хӀалги гьабун ГӀусманазул империялда ритӀана.

Кабардиназул Россиялда ва гьелдасан къватӀи суннит мазгьабалъул ислам буго. 

Додинги гьадинги XIX гӀасру щвезегӀан кабардиназул кӀудиял хъизанал рукӀана. Гьезул гӀадатазда рекъон хъизаналъул бетӀер вукӀине ккола эмен, гӀисинал чӀахӀиязухъ гӀенеккизе ккола, ва руччаби бихьиназухъги.




#Article 77: ХъахӀал къункъраби (262 words)


ХъáхӀал къункъраби — аваразул кІудияв шагІир ХӀамзатил Расулил бищун машгьурал шигІрабаздаса цояб, шигIру, гьес Япониялдаса вуссун хадуб хъвараб. ШигІру буссинабун буго гІемерал мацІазде. ГІурус мацІалде гьеб буссинабуна 1968 соналъ Наум Гребневас, 1969 соналъ гьеб шигІруялдаса гьабуна Журавли абураб кечІ. 

Аваразул шагІир, ХІамзатил Расулица «ХъахІал къункъраби» шигІру хъвана 1965 соналъ Япониялдаса вуссинадал. ШигІруялъул тема ракІалде бачІун буго Хиросимаялда бугеб Япониялдаса ясалъе, жий Хиросимаялда гьабураб атомияб къвагьиялъул хІасилалдалъун лейкомиялъ унтун  йикІарай, гьабураб монументалде щун, гьениб гІемерал кагъаталъул гьарурал къункъраби рихьун хадуб.

ХІамзатил Расул Япониялда вукІаго, хола гьесул эбел; тІадвуссунаго гьев вукІун вуго эбелалъул хІакъалъул пикрабазда, гьесда ракІалде щун руго Севастополалда букІараб рагъда хварав кІудияв вац МухІамад ва араб бакІ лъачІого рагъда тІагІарав вац Ахильчи, ракІалде щун руго цогидал гІагарал чагІи кІудияб ватаІанияб рагъда хварал. Гьел пикрабазда хъван буго Расулица шигІру. 

ШигІруялъул леймотивлъун буго къункърабазул тІелалду хадуб балагьи. Гьел роржунунел къункъарбаз къо лъикІ гьарулел ругел гІадин  гьаркьалги гьарулаго «Нилъее салам кьун роржунел руго». Авторас пикру гьабулеб буго гІумру лъугІиялда ва  хвел бачІиналда тІад пикру.

ШигІруялъул идеялъун буго гІадамасул гІумруялдаги хІанчІазул роржиналдаги гьоркьоб гьабураб релъенлъи ва хвел ахирлъун кколарин абураб пикруги.«Кирго рукъун гьечІин, къанабакь лъечІин ‹...›. ХъахӀал къункърабазде сверун ратилин»...

ШигІрудал жанр буго эллегия, жиндир адабияталъулаб мазгьаб романтизмалъун кколе. Композиция гьабун буго авторасул гІумрудал нухалъул хІакъалъулъ темаялда тІасан бугеб жанисеб диалог хІисабалда. ТІолго шигІруялъулъ буго пашманлъи, гІумруялъуо ахир букІин бичІчІи. Авторасда бихбулеб буго къункърабазул тІелалъулъ цо манзил:

Гьелдалъун бихьизабун буго живго авторасул хІал ва кинабниги шигІруялъулъ кьолеб бугеб пикру.

БетІерал георояллъун руго живго авторги къункърабазул тІелги, гьезда гьоркьоб лъугьун буго бихьулареб хурхен; живго авторасда бихьулеб буго гьесул гІагарлъи, къисматазул релъенлъи

Белые журавли

ХІамзатил Расул

Журавли (кечІ)




#Article 78: Мавлид (392 words)


Киса бачIараб?

Бусурбабазул бищун хирияб ва тӀадегӀанаб, къадру цӀикӀкӀараб байрамлъун ккола Мавлид, жинда Аллагьасул салат салам лъеяв МухӀамад авараг кӀодо гьавулеб къо. ГӀараб мацӀалъул мавлид абураб рагIияльул магӀна буго гьавураб бакӀ, гьавураб сон абураб. Гьединлъидал гьеб байрамги ккола авараг гьавураб къо. Гьев гьавураб къо мухӀканго, баянго чӀчӀезабизе кӀун гьечӀелъул, гьеб къолъун тун буго гьев хвараб къо – 632 соналъул РабигӀул авалалъул анцӀила кӀиабилеб.
Ругел баяназда рекъон тӀоцебе Мавлид гьабун буго нилъер тарихалъул 1207 соналъ Музаффар ад-дин Кёкбюри абулев гӀалимас. Месопотамиялда букIараб Ирбил абураб шагьаралда. Амма цинтӀаго гуро Мавлид киназего хирияб байрамлъун лъугьараб. Байбихьуда машгьурал гӀалимзабаз абулеб букӀана гьеб диналде данде кколареб бидгӀа бугилан, бугониги гьелъул къисматги, машгъурлъиги, тӀадегӀанлъиги цӀцӀикӀкӀана ва XVI–XVII гӀасрабазул гӀорхъода ГIусманиязул улкаялда гьеб жамгӀияб байрам хӀисабалда тасдикъ гьабуна, гьединаблъун гьеб лъугьана тӀолго бусурбабазеги. Гъеб хирияб къоялъ байрамалде данделъаразе цӀалула авараг кӀодо гьарурал, гьесие рецц-бакъ гьарурал назмаби-мавлидал. Гьезул кьучӀчӀлъун лъугьун руго аварагасул гӀумру, гьесул гъайбатал ва бахӀарчиял ишал, гӀажаибал лъугьа-бахъинал, гьесул камилаб сипат. Гьел гӀаммал баяназул кьучӀалда жидерго мацӀцӀалда Мавлидал гӀуцӀцӀизе хӀаракат бахъулеб букӀана тӀолалго бусурбан диналъул миллатазул гьунар ва лъай бугел гӀалимзабаз, гьезда гьоркьор рукӀана гьай-гьай магӀарулалги.

МагIарулазда гьоркьоб тIибитIи

Миякьоса ГӀадул вас ГӀумар-ХӀажица хъвана камилаб ва гӀатӀидаб, кӀудияб къасидат – «Аварагзабазул къиса». Адам аварагасдаса байбихьун, цонигияв гьоркьов виччачӀого, гьес хъвана киналго аварагзабазул гӀумруялъул, динияб хIаракатчилъиялъул хӀакъалъулъ. Асаралъул ахиралда жинда Алагьасул салат-салам лъеяв МухӀамад аварагасул бицунаго, гьес хъвалеб буго жинца гьесул гӀумруялъул хӀакъалъулъ нахъеги гӀатӀидго, гъваридго хъвазе бугилан. Гьес жиндирго анищ гӀумруялде бахъинабуна. Хадусел саназ хъвана кӀудияб, камилаб Мавлид, гьеб гьесул цӀаралда гъоркь халкъалда гьоркьоб загьирлъана. Гьелдаса хадубги ГӀумархӀажица хъвана гьайбатаб кӀиго асар «МугӀжизат ан-наби» – аварагасул гӀаламатал ва «МигӀрадж ан-наби» – зобалазде авараг воржин. Гьел асаразул пасихӀлъиялъулги, рагӀул гогьаралъулги магӀнаялъул кIудияб даража буго. Назму чваххун бачӀуна бацӀцӀадаб иццул лълъим гӀадин. Гьесул мисалалда хадур рилълъун, гьесул жигарчилъи гьоркьоса къотӀизе течӀого, хъвана мавлидал машгьурал гӀалимзаби-шагӀирзабаз. Камилаб ва гъваридаб мавлид хъвана Щуланиса Абу-Исхакъил вас ИсмагӀилица, «Мавлид ал-акбар» кӀудияб Мавлидин цӀцӀар лъуна жиндирго гьайбатаб асаралда гьес. Гьигьалъа ГъазимухIаммадил вас МухӀамадица, «Мавлид ал-акбар» – кӀудияб мавлид гӀуцӀцӀана, ЧӀаралдаса Малла-МухӀаммадил вас Малла-ХӀасаница, гьебго цӀцӀаралда гъоркь хъвана цӀияб мавлид. Гьединал асарал хъваразул сияхӀалда гъорлъе рачине мустакӀикъал руго Иихоса ГӀалихӀажиясул, Игьалиса ГъанцӀил, ГӀахӀалчӀиса МуртазагӀалихӀажиясул, ГӀуриса ГъазимухӀамадил цӀцӀарал.
Гьел Мавлидазул халкъалъе хиралъиялъе, гьезда гьоркьоб машгьурлъиялъе нугӀлъи гьабула, гьезул щибаб батӀа-батӀагоги, яги данде гьарурал мажмугӀаздаги чанго нухалъ, кӀудияб къадаралда басмаялде рахъун рукӀиналъ. КигӀан гӀемер гьел къватӀире риччаниги, согӀаб заманаялъ гьезул лъалкӀ тӀагӀинабуна, нахъе цӀунизе кӀвана нагагьал тӀахьал
.
 

  




#Article 79: Димишкъ (146 words)


Димишкъ (, «Дима́шкъ») - ккола Шамалъул тахшагьар ва ХIалебалдаса хадуб бищун кIудияб Шамалъул шагьар. Димашкъ ккола бищунго некIсиял шагьараздасан — тIоцебе рехсана нелъер эраялдаса 2500 соналъ цебе. Гьединго Димашкъ буго Леванталъул ( — «бакъ бакки», гIадатияб гIурус мацIалда — Обетова́нная земля́) динияб ва маданияталъул марказ. Ва жеги гьеб рикIкIула Шамалъул тахшагьарлъун.

Димищкъалъие кьучI лъураб заман мухIканго лъалеб гьечIо. ГIараб тарихчи Ибн Асакирас (XII гIасру) чIезе гьабулеб буго НухI авараг(гIалайгьи салам)
жиндирго гамида хвасарлъараб мехалдаса ракьалдаго тIоцебе къедалъе кьучI гьанибе лъунилан. Ва гьесго чIезе гьабулеб буго шагьаралъе кьучI лъураб заман - нелъер эраялдаса IV гIасруялъ цебе..

ГIемерисел гIадамал бусурманал-суннитал ккола.  Насраниял ккола шагьаралъул 10%. 
Димишкъалда буго 2000 мажгит.

Дишкъалда буго 7 каву Румазул Империялъул заманалдаго рукIарал:

Рии букIуна шагьаралда багIарарабги бакъварабги. ЦIадал къанагIат гурони раларо. ЛъагIалида жаниб гьаниб бараб цIцIадалъул къадар 130 мм бахуна, гьебги гIемерисеб хасало. Гьоркьо-гьоркьо хасало гIазуги базе бегьула. Гьаниб гьуразулъ(ай январ) моцIцIалъул гъоркьохъеб температура +27,3 °C бахуна.




#Article 80: СагІудиязул ГІарабия (1161 words)


СагIудиязул ГIарабия яги СагIудиязул ГIарабазул Къираллъи (гIараб мацIалда:المملكة العربية السعودية; al-Mamlakah al-ʻArabīyah as-Saʻūdīyah), ккола гIарабазул бащдабчIинкIиллъиялда бугеб пачалихъ. СагIудиялъул гIорхъода руго, Кувайт, Имаратал, Урдун, ГIиракъ, КъатIар ва Йаман хIукуматал. Гьединго СагІудиялъул ракьал чурула ГІарабазул ралъдал квачІалъ хьундабгун-бакъбаккудасан ва БагІараб ралъдаца — бакътІерхьудасан. Жакъа къоялда жаниб, СагIудиялъул гIадамазул къадар бахуна 27,136,977 миллион чиясде. Бусурбабазул къадар бахуна 99,9 % ялде.
СагIудиялъул тахшагьар - Ар-Рияд буго.

СагIудиязул ГIарабиялде гьединго абула «КІиябго хІарамалъул ракь» - абун, гьениб Маккагун Мадина букІиналъ. Гьеб пачалихъалъул къокъаб цІар гІараб мацІалда — ас-СагІудия () - абун буго. 

ЦІакъ цІикІкІараб нартил нахърателалгун СагIудиязул ГIарабия ккола — Нарт къватІибе кьолел пачалихъазул гІуцІиялъул аслияб пачалихълъун. 2009 соналъ гьелъ кІиабилеб бакІ ккун букІана (Россиялдаса хадуб) нарт бахъиялъе ва гьеб къватІибе кьеялъе. СагІудиязул къватІибехун бугеб бича-хисиялдаса 95 % ккола нарт къватІибе кьеялъ ва гьебги ккола пачалихъалъул хайиралъул 75 %.

Гьанжесеб СагIудиязул ГIарабиялъул ракь ккола — гІарабазул къабилабазул тарихияб ватІанлъун, байбихьуда хьундабгун-бакъбаккуда жодоца гІумру гьабулел рукІарал, ва н.р. цебе II азарсоналъ жодоца ГІарабистаналъуд киналниги ракьазда кверщел гьабурал. 

Нилъер рикІкІеналда цебе I азарсоналдсан байбихьун бащдабчІинкІиллъиялда къиблаяб рахъалда рукІана МагІиналъул ва Сабаалъул къираллъиял, ва гьезул нухда ругел бича-хисиялъул бакьулъбакӏазул хІисабалда лъугьана некІсиял ХІижазалъул шагьарал — Макка ва Мадина. 

VII гІасруялъул байбихьуда Маккаялда МухІаммад аварагас  байбихьана исламалде гІадамал ахІизе. 622 соналъ гьес  гьижра гьабуна Ясрибалде (Мадинаялде), хадубккун къуватаб ва цебе тІураб исламияб пачалихълъун жиб лъугьараб. 632 - 661 соназде щвезегІан Мадина букІана Исламияб хилапаталъул тахшагьарлъун ва халипазул чІейбугеб бакІлъун.

МухІаммад аварагас  Ясрибалде гьижра гьабуралдаса хадуб, 622 соналъ МухІаммад аварагасул  бетІерлъиялда гъоркь бусурбабаздаги ва гьенир рукІарал бакІалъул гІарабазул тухумаздаги ва жугьутІаздаги гьоркьоб къотІи-къай хъван букІана. 

Рагъазул хІасилалда, IX гІасруялде щвелалде исламияб хилапаталъ жанибе бачун букІана ГІагараб Машрикъалъул, Ираналъул, Гьоркьохъеб Азиялъул, Гъоркьасеб Кавказалъул, Хьундасеб Априкъаялъул ва гьединго Къиблаяб Европаялъул ракьал.

XVI гІасруялда турказ байбихьана ГІарабистаналда кверщел гьабизе. 1574 соналде ГІусманиязул пачалихъалъ султІан Салим II бетІерлъиялда гъоркь тІубанго бахъана ГІарабистан. СултІан МахІмуд I-сул (1730—1754) сиясияб загІиплъиялдасан мукагІатлъиги босун, гІарабаз байбихьана тІоцересел галаби гьаризе жалго жододаго чІараб пачалихъияб низам гІуцІиялъе. Гьеб заманаялда бищун къадру бугел хъизамаллъун ХІижазалда рукІана СагІудиял ва Рашидиял.

СагІудиязул пачалихъ баккана 1744 соналъ ГІарабистаналъул бакьулъаб икълималда. Ад-ДиргІийя шагьаралъул хІаким МухІаммад ибн СагІуд ва исламияв гІалимчи МухІаммад ибн ГІабдул Вагьгьаб цолъана кутакаб ва гъункараб пачалихъ гІуцІиялъул мурадалда. Гьеб, XVIII гІасруялъ цолъараб гІуцІиялъ авал лъуна дакъа къо щвезегІанги хІукмуялда ругел СагІудиязул тухумалъе. Цо дагьабго заманаялдасан гІолохъанаб пачалихъалде хІал гьабизе лъугьана ГІусманиязул пачалихъалъ, жодорго къиблаяб рахъалда бугеб гІорхъода гьел къуватлъизе бокьичІого ва гьез Маккагун Мадина бахъиялда ццимги бахъун. 1817 соналъ гІусманиязул султІанас ГІарабистаналде МухІаммад ГІали Пашал бетІерлъиялда гъоркь аскар битІула, ва гьез щущухъ биххизабула Имам ГІабдуллагьил аскар. Гьединаб куцалда, ТІоцебесеб СагІудиязул пачалихъ хутІана 73 соналъ.

Гьанже гІун бачІунеб букІараб гІарабазул пачалихъ турказ щущахъ биххизабиялде балагьичІого, 7 сонидасан (1824 соналъ) Ар-Риядалда тахшагьаргун гІуцІула КІиабилеб СагІудиязул пачалихъ. Гьеб пачалихъ хутІана 67 соналъ ва щущахъ биххизабула СагІудиязул церегосел тушбаби — Рашидиязул тухумалъ. СагІудилазул хъизан лъутизе ккун лъутула гьеб мехалъ Кувейталде.

ГІабдулгІазизида хадув къираллъун вачІана гьесул вас СагІуд. Гьес ургъичІого бачунеб букІараб жанисеб сиясаталъ, пачалихъалда инкъилаб ккеялде бачана, СагІуд лъутана Европаялде, хІукму бачІана гьесул вац Пайсалихъе. Пайсалицин абуни гІемераб хІалтІи гьабуна пачалихъ цебетІеялъе. 1973 соналъ, Пайсалица Байтул Макъдис бусурбабазухъе буссинабизегІан, сагІудиялъул нарт къватІибехун биччаларин абун гьев чІедал, бакътӏерхьул пачалихъаз гьев чІвазе тІамана гьесул вацасул вас. Ва гьесдаса хадув хІукмуялде вачІана гьесул вац Халид. Гьесдаги хадув Пагьд, 2005 соналъ — ГІабдуллагь, ва 2015 соналъ — Салман.

СагІудиязул ГІарабиялъул пачалихъияб гІуцІи чІезабула Ханлъиялъул Аслияб къануналъ, СагІудиязул ГІарабиялъул хІукмуялъул аслияб низам абун жинда цІар бугеб, ва жибги къабул гьабураб 1992 соналда. Гьелда рекъон СагІидиязул ГІарабия ккола тІубараб ханлъилъун, жиб цебе бачунеб тІоцевесев хан ГІабдулгІазизил лъималаз ва лъималазул лъималаз. Къануналъул кьучІое босун буго исламиял хІукмаби.

Пачалихъалъул бетІерлъун вуго хан. Гьаб сагІаталда пачалихъалъул хІукмуялда вуго ханлъиялъе кьучІ лъурасул вас Салман ибну ГІабдулгІазиз СагІуд. Пачалихъалъул кІвар бугел буюрухъал хъвала гІалимзабазулгун данде бан хадуб. Ханасе мутІигІлъула киналниги хІукмуялда ругел. 

Буюрухъ тІобазабиялъулаб хІакимлъи гІуцІун буго министерзабазул Шураялдасан, бетӏерав министерасдасан, гьесул тІоцевесев наибасдасан ва къого министерасдасан. Киналниги министерзабазул хъулухъал рикьун руго ханасул хъизаналъул гІадамазда гьоркьоб.

Къанун бахъиялъул хІакимлъи чІезабун буго — Мажлису Шураялдасан. Мажлису Шураялъул киналниги 150 гІахьалчи, тІамула ханас ункъго сонил болжалги цІан. 

Диваналъул хІакимлъи ккола диниял диваназул система, ТІадегІанаб диваналъул шураялъ рихьизарураздасан ханас рищарал къадияца хІукму гьабулеб. ТІадегІанаб диваналъул шураян абуни гІуцІун буго 12 чиясдасан, гьелги рихьизарула живго ханас. 

СагІудиязул ГІарабия бикьун буго 13 административиял округазде (: almnat aladarih), имиратал яги минтІакъаби (mintaqat, цолъул формаялда — mintaqah):

СагІудиязул ГІарабиялъул 88 % халкъалъул шагьаразда гІумру тІамун руго. Бищун кІудияб шагьар, ханлъиялъул тахшагьар, гьелъул сиясияб, маданияб (диниял бакІал рикІкІинчІого) ва гІелмияб центрлъун ккола — Ар-Рияд жинди жаниб 4 млн чи вугеб. Жидда — пачалихъалъул кІиабилеб кІудияб шагьар, гьелъул «экономикияб тахшагьар», БагІараб ралъдада кІвар бугеб порт. Макка ва Мадина, пачалихъалъул бищун чІахІиял шагьарал гурелги, гьел ккола СагІудиязул ГІарабиялъул ва тІолабго исламияб дунялалъул къадро тІадегІанал шагьаралъун. 

Халкъалъул къадар 1 300 000 чи
Файл:The Kaaba - Flickr - Al Jazeera English.jpg|МаккаХалкъалъул къадар 1 700 000 чи

СагІудиязул ГІарабиялъ ккола гІага-шагарго 80 % гІарабазул бащдабчІинкІиллъиялъул. Пачалихъалъул миллиял гІурхъалаби чІванкъотІун рихьизарун рукІунгутІиялъ, чІванкъотІун СагІудиязул ГІарабиялъул ракьалъул къадар чІезабун гьечІо. Расмиял (официалиял) баяназда рекъон гьеб бахунеб буго 2 217 949 км², цогидал баяназда рекъон — 1 960 582 км² - 2 240 000 км². Кин бугониги, СагІудиязул ГІарабия ккола ракьазул рахъалъ дунялалда 13-еб пачалихъ.

Пачалихъалъул бакътІерхьуда, БагІараб ралъдал рагІалда тІарадасан аххаде щвезегІан руго ал-ХІижаз абураб кьурабазул рахас. къиблаябгун-бакътІерхьуда кьурабазул борхалъи бахуна 3000 метраялде. Гьениб буго курорталъулаб мухъ Асир, жиндир гІурччинлъиялъ ва тамахаб гьаваялъ туристал жинца тІаде цІалеб. Бакъбаккул рахъин абуни, тІубанго бахчун буго салул авлахъаз. Къиблаяб рахъ ва къиблаябгун-бакъбаккул рахъ тІубанго ккун буго РубгІ ал-Хали салул авлахъалъ, гьенибго буго Йеменлъулгун ва ГІуманалъулгун гІурхъалабиги.

СагІудиязул ГІарабиялъул цІикІкІунисеб ракьал ккун руго салул авлахъаз, ва гьениб гІумру тІамен руго батІи-батІиял тухумазул гІалхул гІарабал. Аслияб халкъин абуни гІумру тІамун руго чІахІиял шагьаразда ва гьел сверун, аслияб бакъбаккуда яги бакътІерхьудахун, ралъдал рагІалда.

СагІудиязул ГІарабиялъ гьава цІакъго бакъвараб буго. ГІарабазул бащдабчІинкІиллъи ккола — Ракьалда гІемер гьечІел бакІаздаса цояблъун, риидал багІари чІечІого 50 °C эххедезун бахунеб. ГІазу бала гІицІго Жизаналъул мугІрузда, пачалихъалъул бакътІерхьуда, ва кидалго гуреб гьебги балеб. Январалъ гьоркьохъеб температура букІуна шагьаразда 8 °C - 20 °C, салул авлахъазда 20 °C - 30 °C. 

ЦІакълъи: нартил ва газил чІахІиял нахърателал. ЧІахІиял харжал щола щибаб лъагІалие хІаж гьабун рачІарал 2 млн хІажичиясдасан.

ЗагІипал рахъал: профессионалияб лъай кьей гьечІо. ГІемерисеб бутІа бетІербахъи гьабулел жалазул къватІисанхун импорт гьабун бачІуна. ГІолилазда гьоркьоб хІалтІуларезул къадар цІакъго цІикІкІараб буго.

СагІудиязул ГІарабиялъул экономика бараб буго нартил касбоялда, ва гьеб бахуна пачалихъалъул гІаммаб жанисеб продукталдаса 45 %. Бюджеталъул харжалъул 75 % ва къватІибе кьолеб экспорталъул 90 % ккола нартилпродуктаздаса. 

КъватІибехун бичи (экспорт) (2008 сон) — 310 млрд доллар: нарт ва нартилпродуктал. Аслиял росарухъаби — АЦЩ (18,5 %), Япония (16,5 %), Китай (10,2 %), Къиблаяб Корея (8,6 %), Сингапур (4,8 %).

КъватІиса боси (импорт) (2008 сон) — 108 млрд доллар: промышленносталъул тІагІелал, квана-гьекъолел жал, химиялъулаб продукция, автомобилал, ххам. Аслиял къайи чІезабулел — АЦЩ (12,4 %), Китай (10,6 %), Япония (7,8 %), Алмания (7,5 %), Италия (4,9 %), Къиблаяб Корея (4,7 %).

Маххулнухлул транспорт гІуцІун буго чанго нусго километраялъул маххул нухаздасан, жиндир стандартияб колеяби 1435 мм ругеб, ва жинца Ар-Рияд хутІарал аслиял, ГІарабазул ралъдал квачІалъул рагІалда ругел порталгун хурхинабулеб. 

Гьакинухазул гІаммаб халалъи бахуна 221 372 км. Гьелдаса:

СагІудиязул ГІарабиялда (кинаб миллаталъул йигониги) чІужугІаданалъе гьукъун букІана 2006 соналде щвезегІан автомобил бачине. Жакъайин абуни 30 сон базегІан автомобил бачине бегьула чІужугІаданалъ цадахъ рос, эмен яги вац вугони.

СагІудиязул ГІарабиялъул гІадамал раччулел авиакомпаниял:

Аэропортазул къдар — 208, гьездаса 73 — бетонналъул роржунел-чІолел мухъалгун, 6-ялъул буго халкъаздагьоркьосеб статус:




#Article 81: ГIуриб (444 words)


ГIуриб (), — ккола Дагъистан жумгьурияталъул Шамилил районалъул росу.

ГIуриб буго МахIачхъалаялдаса 215 км манзилалъ рикIкIад. ГIуриб росда гIагарда руго КъахIиб, ТIелекь, Микьигьуриб, Гьолокь ва Датуна росаби.

ГIуриб росулъ гIумру гьабун буго гIага-шагарго 1,5 азарго хъизамалъ (2010). 

Тарихалъул хъвай-хъвагIаялда рекъон ГIуриб росу гIуцIцIизе байбихьана ХVI гIасруялдаса нахъе. Росу гIуцIцIизеган росдалаз гIумру гьабун букIун буго росу сверун ругел ракьазда: «Чакуда», «ТIалакуриб», «Гъугъдузулъ», «Микилъ», «ЛъаргIариб», «ЦIантIа», «ХъадаратIа», «Кьвахда», «КьебтIариб», «ГантIутIа» ва гь. ц. кулабазда.

Росдае ГIуриб-илан цIар лъун буго росу «ГIураб» мехалъ. ГIуриб росу буго: «Щулалъи» ва «Цеберохь» мугIрузда гьоркьоб. Росдал ракьазул гIорхъи буго Текьадирелги, Гьакьадерилги, КъехIдерилги ва Датназулги росабигун. Росулъ руго 30 гIанасел тухумал. Гьезда гьоркьор кIудияздаса ккола: «ДибирасулгIалилал», «ГIашатилал», «Гьанхъадерилал», «МутIагьирасулал», «Алдухилал», «ЧIанкIалал», «Тидурилал», «Донолал». ГIурисел руго хурзал рекьун, ахал гIезарун, гIи боцIцIи хьихьун, хIалтизе махщел бугел гIадамал. Гьаниб бекьула цIоросаролъ, гьоло, картошка. ГIурисез жигараб гIахьаллъи гьабуна Дагъистаналда ва Россиялда рукIарал тарихиял лъугьа-бахъиназулъ: Надир Шагь щущад-виххизавиялъулъ I742 с., Кавказалъул рагъулъ I828-I859 с., ГIурус - Турциялъул рагъда I877-I878 с., ГIурус - Япониялъул рагъда I904-I905 с., ТIоцебесеб дунялалъул рагъда I9I4-I9I8 с., Гражданский рагъда I9I8-I920 с.

I938 соналъ ГIурисез гIуцIцIана колхоз, I99I саназде щвезегIан районалъул мисалиял колхозазда гьоркьоб букIана. 

КIудияб ватIанияб рагъул саназ Советияб армиялде ахIун рукIана 74 ГIурисев, гьезда гьоркьосан 35 тIад руссинчIо. 

I944 соналъул Февралалда цойги росабигун цадахъ ГIурисел гочинарун рукIана Чачаназул Гиляны абулеб росуде, Ножай Юртовский районалде. Жидерго ракьалги минабиги чIунтизе тун рукIана I957 соналда Чачаналдаса тIад руссун рачIинегIан. Гьел рукIана росдае бищунго захIматал сонал. Чачаналда хвана гIемерал гIадамал, хассго гIисин лъимал, тIад руссун рачIиндал ГIурисез цIидасан разе ккана минаби, гIуцIцIизе ккана магIишат. Амма гIурисел гьеб захIмалъиялъ къуркьичIо, жамагIат гъункана ва щула гьабуна. Жакъа къоялдаги гIурисез мустахIикъаб гIахьаллъиги асарги гьабула районалъулги Дагъистаналъулги жамгIияб ва миллияб хIалтулъ.

ГIуриб машгьураб буго гIалимзабаздалъун, цIаларал гIадамаздалъун. Гьаниса вахъана Накъшубандияб ва Шазалияб тIарикъатазул устар, муршид ХӀусенил МухӀаммад Афанди (къ.с.) Дагъистаналдаги киналго ГIарабазул улкабаздаги машгьурал руго Гъази-МухIаммад катибас, Мавраевасул басмаханаялда хъварал тIахьал. Индиялда букIараб тIолго-дунялалъул рукописный выставкаялда Гъази-МухIаммадил квералъ хъвараб къураналъе кьола тIоцебесеб щапакъат. Гьесул внук ГIалимухIамад-хIажи гемерал саназ хIалтIана Дагъистаналъул гIалимзабазул советалъул бетIерлъун. Гьанжесел гIолилал-гIалимаз кIудияб адаб ва хIурматгун бицуна Дагъистаналда ва Щумалияб Кавказалда цIар рагIарал гIалимзаби ГIабдулхIамид ва Давудил МухIамадил.

I968 соналдаса нахъе росулъ хIалтулеб буго гьоркьохъеб школа. Гьеб школа цIалун рахъана: мунагьал чураяв ГIалиев МухIаммадГIарип ТIагьирович- милициялъул полковник Буйнакский ГОВД-ялъул начальник; 

Хассаб чIухIигун ГIурисез рехсола ген. Директор ОАО Унисервис|«Унисервис» ГIалиев ГIумарасхаб МухIаммадович, Дагъистаналда Ислам цебе тIезабизе жиндица кумак гьабулев машгьурав меценат. В 2003-05 с. гьес гIемерал районазда жиндирго гIарцуде рана мажгитал, ГIуриб росулъ бана кIи-тIалаяб мажгит, мебельный, швейный ва обувной цехал, росу-цоязе хIалти букIине. 2011 соналъул Май моцалъ рагьана Шейх  ХӀусенил МухӀаммад Афандил цIаралда бугеб 3-тIалаяб мажгит ва мадраса МахIачхъалаялъул Сулакский посталда гIагарлъухъ. 2011 соналъул 18 Июлалда букIараб росдал мажлис-мавлидалда ГIутбатов МухIаммад ХIажи ХIабибович вищана росдал имамлъун.

 




#Article 82: МухӀамад Къебедов (2333 words)


Туркиялде гьабураб сапаралдаса хабарал

ЛЪИМАЛ ЛЪИКӀАЛ РУГОНИ
ДИВАНАЛЪ АХӀУЛАРИЛА…

Къаси сардилъ рештӀана ниж тӀад рекӀараб самолет Стамбулалда. Макьо кӀочон тана, берал гӀорцӀулел рукӀинчӀо кунчӀкунчӀун бачӀунеб шагьаралда жанир тира-сверулаго. КъватӀахъ жеги хӀалтӀулел рукӀана квен-тӀехалъул бакӀал. Амма ракӀ хӀалаккун букӀана рогьалил канлъи бихьизе. Дагьдагьккун рехараб хъахӀлъиялда цадахъ чӀаголъун бачӀунеб букӀана Стамбулги.

Дир талихӀ ккана- цадахъ вукӀана чанго нухалъ Турциялде, Шамалде щварав «Кавказалъул гьумер» абураб журналалъул бетӀерав редактор Сабир НурмухӀамадов. Гьес гӀезегӀан хӀаракат бахъана шагьаралъул балъголъаби дие рагьизе. Щвана тарихиял бакӀазде. РакӀалде кколаан дунялалъулго халкъазул вакилзаби Стамбулалде данделъун ратилилан. Гьениб рагӀизе рес букӀана бокьараб мацӀ: гӀараб, ингилис, гӀурус, узбек, чачан… Гьай-гьай, нилъерго магӀарул мацӀалда гаргадулелги дандчӀвазе хӀасрат букӀана. Гьелъухъ балагьун гӀадин чанго сагӀаталъги хутӀана.

Стамбулалда цо базаралъул кӀудияв ватана Хважалмахьиялдаса чи. Гьанир Турциялда дагъистаниязул кинаб росулъа ратаниги гӀадамал цоцада гьоркьор кӀалъала магӀарул мацӀалда. Гьединлъидал гьев даргинав Шарапудин Айкенидаги нижедаги гьоркьоб хинаб хабарги ккана. Хадувго ахӀунгӀадин тӀаде щвана жеги лъикӀ магӀарул мацӀ лъалев ГӀахъушалиса МухӀамад. Гьесул хъизан Сугъралъа йигиланги бицана. Лъазего лъачӀого цо-цо Дагъистаналдаса рачӀарал гӀолохъабиги тӀаде гӀунтӀана. Цо горсвериги ккун, хъош-башги гьабун, доб ВатӀаналдаги гьаниб Турциялдаги бугеб ахӀвал-хӀалги цоцае загьир гьабун, хадур рахана ниж аслияб къагӀидаялъ магӀарулаз яшав гьабулеб Ялова шагьаралъул вилаяталде унеб гамида тӀаде.

МахӀачхъалаялдаса Стамбулалде махул хӀинчӀалъ бараб заманалдаса гӀемер дагьаб бачӀо Яловалде щвезеги. Гамида рекӀаразухъ балагьунго бицунеб букӀана кавказалъул, дагъистаниязул цо кинабалиго релъен-хъвай, гӀамал-хасият гьениб букӀин. Яловалъул ракьалда абуни нижеда дандчӀвай гьабизе хӀадурго ватана жиндирго гьенир ругел магӀарулаз абухъе гьокогун (машинагун) дагъистаниязда гӀемер рагӀарав, гӀемерисезда вихьарав жив КӀикӀунисаги ЦӀобокьаги кколев рагӀул устар, унго-унгояв магӀарулав, къватӀир Туркиялда аппараглъиялда хутӀарал дагъистаниязул цевехъанилан жинда абизе мустахӀикъав Шагьабудин Озден.

Дида гьев вихьун вукӀана къого соналъ цеве Дагъистаналде конгрессалде вачӀараб мехалъ. Хадусаги чанго нухалъ умумузул ВатӀаналде щун вукӀаниги ниж дандчӀванги рукӀинчӀо. Амма бухьен букӀана. Интернеталдаса гьарурал Шагьабудинилгун гара-чӀвариял рахъун рукӀана «ХӀакъикъаталда». Тукиялдеги вачӀун ракьцоял рихьизе дирги аниш бугилан битӀараб саламалъе жаваблъун Озденица абураб цохӀо «кодоса бачӀараб кумек гьабизе буго» абураб рагӀуца дида цӀа базабураб хӀисаб букӀана.

Гьале гамидасаги рещтӀун порталдаса къватӀире лъугьунаго нижеда данде вачӀунев вуго кӀигояв. Рихьаралго ниж цоцадаги лъана. Амма Шагьабудин дидасаги цеве ккана гьав чи Къебедов МухӀамад вугилан абизе.
Гьедин байбихьана нижер Тукиялда ругел магӀарулазухъе гьабураб сапар. Шагьабудинида цадахъ вачӀун вукӀана гьурмада гьими бахчизе кӀоларев Хунзахъа ГӀали Аваркан. Аваркан рагӀул магӀна кколилан бицана аваразул би абураб. Гьебго аваразул би чорхолъ цӀунарав чи ватана чай гьекъезе гӀодор чӀелелде пири гӀадин тӀаде щварав халкъиял махщелал жанир малъулеб Ялова шагьаралъул ва районалъул кӀудияб заведениялъул бетӀер, департаменталъул директор ракӀ-ракӀалъ магӀарул мацӀалда кӀалъазе гъира ккарав Хунзахъ районалдаса умумузул вас, цӀар рагӀарав имам Шамилил наиб ХӀажимурадил ЦӀелмес абураб росулъа Жагьид Йилдеринги. ХӀакъикъаталдаги гьеб фамилиялъул магӀна батана жиндирго гьунаралда, рагъа-ракиялда рекъараб пири абураб.

Шагьабудиница ниж гьенир гӀемер заманаялъ тархъун течӀо. Канлъи къотӀилелде хъамуна жиндирго Туркиялда Ялова вилаяталъул мугӀрузда гьоркьоб бугеб, сверун рохьаз ккураб берцинаб, гьава-бакъ рекъараб Эсадия абураб росулъе. Гьений нижеда балагьун чӀун ятана гьесул лъади. Цо гӀажаибаб жо, Шагьабудиница гьелда абулеб букӀана Мариямилан. Гьедин абулаанила некӀсияб заманалда магӀарулазул бихьиназ жидерго чӀужуялда. Гьелъ росасдаги абулеб букӀун буго МахӀамагӀалиян. Гьанже нилъеца рос-лъадиялда гьоркьоб хӀалтӀизабулеб йо ле гӀадин.

ХӀакъикъаталда Шагьабудинил хъизамалда цӀар буго Сабагьат. Гьей ккола туркай. Школалде дарсал кьезе ячӀарай гьейги Шагьабудинги къисматалъ данде гьарун руго. Гьезул кӀияйго ясалъ гӀумру гьабулеб буго Стамбул шагьаралда: Пари-Дилек ккола цо квен-тӀех гьабулеб бакӀалъул инженер-технолог, гьитӀинай Шагьабудинил эбелалъул цӀар тарай Багьижат ккола хъвадарухъан, журналист. Гьей хӀалтӀун йиго Яловалъул халкъиял газетаздаги Туркиялъулго газеталдаги мухабирлъун. Гьедин абулеб буго гьениб нилъер мухбирасдаги.

Гьаниб бицун цебе чӀезабун бажарилин кколаро тӀоцебесеб сордоялъ Дагъистаналдаса рикӀкӀад, батӀияб ракьалда нилъер уммумуз кьучӀ тӀамизе ккараб росулъ жанив гьавурав, гьенибго гӀумру унеб бугев магӀаруласул рокъоб букӀараб ахӀвал-хӀалги асарги.

Радал тӀуркӀун ворчӀигун щун ватана гордухъе. Гьениса рихьулел рукӀана рацӀун щегӀ ккурал узданго рарал минаби. ТӀохда ругоан лъим хинлъизабизе лъурал бакъуца хӀалтӀулел алатал. ГӀодоб тӀибитӀун букӀана хъахӀаб накӀ. ГӀурччинлъиялъ ккун букӀана сверухълъи. БитӀахъе курорталда санаториялда жанир ругеб хӀисаб букӀана.

Нижер тӀоцебесеб абизин ишалъулаб гӀодорчӀей ккана Яловалъул гӀагарда бугеб Чифлеткой шагьаралда Кавказазалъул гӀадамазул культурияб централда. Гьанибго абун тезин Туркиялда ругел кавказалъулал гӀадамаз ратӀа гьарулел гьечӀо жидерго миллатал. Гьединлъидал цадахъ гъункун рукӀиналъул мурадалда гьарулел ишазулъ гӀахьаллъи гьабизе хӀаракат бахъулеб буго дагъистаниязги, чачаназги, осетиназги, кабарда-балкаразги, карачаялгун черкесазги, адыгеялгун абхазазги…

Гьеб культурияб Кавказ абураб централъе нухмалъи гьабулеб буго карачаяв Мурад Эрдогъаница. Гьесда цадахъ руго кавказалъул киналниги халкъазул вакилзаби. Гьеб къоялъги данделъиялде рачӀун рукӀана гӀарцулгун меседил къайи бичулеб тукадул бетӀергьан, жамагӀатчи ЦӀобокьа МухӀамад Эркен, Ялова шагьаралъул Чифлиткой районалъул кооперативазул союзалъул бетӀер ЧӀикӀаса Рамазан Текин, ГӀали Аваркан, Ялова газеталъул мухабир Нуртен Илчин, халкъиял махщелчагӀи хӀадур гьарулеб бакӀалъул кӀудияв Жагьид Йилдерин ва цо-цо цогидалги.

Аслияб къагӀидаялъ гьениб хабар ккана нилъер миллиял суалазда тӀасан. Хасго гӀисиналилан абун нилъ ругьун гьарурал батӀи-батӀиял халкъазул мацӀги, цӀарги, гӀадатги, тарихги цӀунизе бугеб кӀваралъул бицана. Бицана Дагъистаналъул журналистаз, «ХӀакъикъат» газеталъ ва «Кавказалъул гьумер» абураб журналалъ гьелда сверухъ гьабулеб хӀалтӀул. Мисалалъе рачана вацлъи рагӀизабурал МахӀачхъала ва Ялова шагьарал. Гьанже байбихьун буго росабазда гьоркьобги гьединабго хӀалтӀи хӀаракатчагӀаз гьабизе. Гьебго мурадалда дагьабги лъикӀ Туркиялда ругел магӀарулазул бугеб гӀумру бихьизабизе «ХӀакъикъат» газеталъеги бокьун бугилан абуна.
Гьеб киналъулго хӀакъалъулъ бакӀалъулал мухабираз Яловаялъул газетаздаги хъван бачӀана.

Бурса шагьаралъул Дагъистан дернекалъул, ай жамгӀияталъул цолъиялъул бетӀер Яшар Сабри Долдерилгун данделъи букӀана Армуткой росулъ. Гьаб нухалъ ниж гьенире щвезаруна Канадаялдаса вачӀарав цоги магӀарулав МустӀафаца. Гьенирго рукӀана музыкалиял тӀагӀелал ричулеб тукадул бетӀергьан лезгинав Рамазан Кор, турказул тарихчи, адыгеяв МахӀмуд Би, банкалъул хӀалтӀухъан, жамгӀияв хӀаракатчи абхазав Рифат Озбей, имам Шамилил наиб, черкесазул имам Гьонодаса МухӀамад-Аминил наслуялъул гӀадамал Армуткой росдал мухтар (гьедин абула Туркиялда бегавуласда)ГӀусман Эр ва Шарапудин Сунгур, Бурса шагьаралъул ГӀусман-Гъази районалъул тӀоцебесеб микьгосонилаб школалъул директор Парук Демирташ. Хадур ниж Парукица имам Шамилил ватӀаналъул чи хӀисабалда жинцаго нухмалъи гьабулеб школалдеги ахӀана.

Гьедин тира-сверун, жеги Чифлиткой районалъул Султания абураб росдал гӀадамалгун данделъун хадуса «Кавказалъул гьумер» журналалъул кӀудияв, нижер гьалмагъ Сабир НурмухӀамадовги ана Шамалдехун валагьун.

Нахъисеб къо букӀана цӀакъ хӀалуцараб. Шагьабудингун цадахъ щвана Туркиялда ругел магӀарулазул тахшгьарилан абизе бегьулеб Гюнейкой росулъе. Гьенир рештӀингун аскӀове щвана росдал мухтарги, ай бегавул КӀикӀуниса Шайих-дадал, ай Маданил МухӀамадил васасул вас МухӀамад Алпай Текин. Гьес ахӀун вачӀана КӀикӀуниса Шейх Шарапудинил васасул вас Багьавудинги. Нижехъ кодоб абуни букӀана гьезул уммумузул ватӀаналдаса битӀараб кагъат:

Дун ккола КӀикӀуниб росдал бегавул ГӀусманил вас МухӀамадхӀажи. Дун тӀоцеве нужер росулъе щвана 1992 абилеб соналъ. Дир хъизан ккола Шейх Шарапудинил гӀагарай гӀадан. Нижеца нужер росулъ бана 13 къо. КӀудияб гьоболлъи гьабуна нужер росдацаго. Хасго кумек гьабуна Марзиэбелалъ ва гьелъул лъималаз: Шарапудин, Багьавудин, МухӀамад, Шарипат. Гьезие нижер рахъалдасан цӀакъ кӀудияб баркала.

Нижер районалъул нухмалъулевги вуго КӀикӀуниб росулъа Юсупил вас МухӀамад. Гьесги абуна нилъеца кӀиябго росдал бухьен цӀикӀкӀинабиялъе кинабго гьабизе бугилан…»

Гьедин дица Дагъистаналдаса битӀараб кагъат цӀалун бахъингун Шарапудин устарасул васасул вас Багьавудин тӀаде вахъана. Ва гьесда хаду-хадур щвана Шарапудин шайихас гӀумру гьабулеб букӀараб бакӀалде. ЧӀаго ятана гӀункъойлъаги арай Шарапудин шайихасул нус, цадахъ вукӀарав Багьавудинил эбел Марзияги. Ратана гьенире зияраталъ рачӀарал турказул руччаби. Бицана бакӀ-бакӀаздаса гьедин гьенире цо-цо соналъ азаралда хадувги чи щолилан.

Гьанже цо нухалъ рихьаралги гӀодор чӀаралги бакӀазул бицун лъугӀиларо. ЦохӀо жо загьир гьабун тела. Дица ЦӀунтӀаса Хадижатида гьикъана: Я, гъарин Хадижат, дуда гьаб нилъерго магӀарул мацӀ лъим гӀадин лъалеб мехалъ, гьай дур ясалъе гьеб бицине щай захӀмалъулеб абун. Гьей кӀудияй гӀаданалъ абуна жинца жеги гьей гьитӀинго йигеб мехалда нуцӀа къай, дир ясилан абураб мехалъ гьелъ дандего гьикъулаанила щай «Капийи капа» (турк мацӀалъ нуцӀа къай),- ян абуларебан. Дихъги балагьун гьанже гӀолохъанго кӀодоэбеллъун яхъарай Весиляца жиндирго ботӀрода кӀутӀкӀутӀана. Гьеб букӀана доб мехалъ гӀакълу букӀинчӀохаян абулеб жо.

Гьанир дида ракӀалде щвана дир гьоболлъун лъугьарав Шагьабудиница нухда унаго рехсарал цо биценалъул: «Гьалмагъ лъикӀав вугони нухда какги хутӀиларила, лъимал лъикӀал ругони диваналъги ахӀиларила»,- ян абурал умумузул цӀакъ пикру гьабулев чи гурони хадур гъоларел гъваридал рагӀаби. ХӀакъикъаталдаги нахъа хадур нилъго намусалъул диваналъ ахӀичӀого рукӀине Дагъистаналдаги Тукиялдаги ругел магӀарулазе жидерго мацӀ цӀунун хутӀиялъе гьарулел тадбиразул рахъ нахъ тӀамун тезе бегьулареб бакӀалде иш ккун букӀин бичӀчӀун буго киназдаго.

Гьаб бакӀалда тӀанкӀги лъун, тӀаде вахъине ккана Эсадия росдал мухтар Гьидаятил рокъове цӀурачадал кваназе ахӀулев вугилан хабарги бачӀун…

МухӀамад КЪЕБЕДОВ.
МахӀачхъала, Стамбул, Ялова.

ЦО ФАМИЛИЯЛЪУЛ
ГӀАДАМАЗУЛ СОРДО
Туркиялда бицен буго цебего заманалда сверухъ мухъалда эрмениязул, урмазул-греказул росабиги рукӀин хӀисабалдеги росун, цоги жалго туркал курдаздаса цӀунизе мурадалда кьер-читӀир гьабун чӀезарун ругила нилъер магӀарулазул -дагъистаниязул росабиян абураб. Гьездасаги цере падишагьасулгун гӀагарлъиги букӀун гьенире гочун ругилан аби батана черкесазулги.

Гьениса рахъун руго гӀезегӀан машгьурал гӀадамал. Масала, ХӀажи ХӀамза Огълари. Гьев вукӀана гӀусманиязул армиялъул чи, генерал.

Росу буго цӀакъ берцинаб гьава-бакъ рекъараб бакӀалда. БитӀахъе жаниса нух бахъизе захӀматаб рохьоса унаго тӀаде ккола борхалъудаса лъим чвахулеб Челали абулеб хӀоралде тӀаде. Цере гьенире чвердезе хьвадулел рукӀун руго росдал лъимал. Маялъул къоял рукӀаниги гьениб жеги цӀоронго бугоан. Гьенибе бачӀунеб лъарадаги буго гӀажаибаб берцинаб цӀар, Балабан абун. Гьелъулги магӀна кколеб буго бегӀераб гохӀил лъар абураб.

Цоги гӀажаибаб жо гьанжегицин гьениб рохьоб бакӀ-бакӀалда доб цебего заманалда умумуз бахчун букӀабилан абулеб хазина балагьулел чагӀиги камулел гьечӀо. Рохьоса унаго хӀисабалда рилъине кколел рукӀана гьеб мурадалъе гӀоло рухъарал гондазде жанире ккечӀого рукӀине. Амма жеги гьеб умумузул меседалде, хазинаялде тӀаде ккарав чиги рагӀичӀилан бицана.

Ахираб чанго соналъ гьеб Эсадия росдае бетӀерлъи гьабулеб буго магӀарулав ЦӀобокьа кьибилалъул Йилмаз Гьидаятица.

ГӀемерисел гӀадамал пенсиялда, хӀалхьиялда гьенир ругониги росдал мухтарасул, ай бегавуласул цониги къо бихьуларо кабинеталда гӀодов чӀун хутӀараб. ТӀад балагьунги гьаб росулъги щиб хӀалтӀи букӀунебан ккола. Щибаб рокъоб буго гӀадамасе хӀажатабщинаб. Буго бухӀараб, цӀорораб лъим, къватӀал руго гӀодор рацӀцӀадго чӀезарун.

ХӀукуматалъ росдае витӀун вачӀун вуго хӀажатаб бакӀалде хӀалтӀизе чи. Гьевги вихьула щибаб къоялъ я нух хӀурудаса бацӀцӀад гьабулев, я нухлул рагӀалдаса унеб рахъ къачӀалев, яги  лъадал трубаялъе гӀадлу гьабулев. 
Гьениб бищун кӀудияб хӀалтӀи лъугьун бугилан абизе бегьула пачалихъалъулб нух гӀадамаз бахине ккечӀого букӀине гьелда гъоркьан бахъараб тоннель. Гьебги гьабун буго Гьидаятил хӀаракатчилъиялдалъун.

Ниж щвараб къоялдаги гьенире рачӀун ругоан районалъул нухазул хӀалтӀухъабазул идараялъул вакилзаби. Гьебго къоялъ техникаги тӀаде щун чӀор гӀадин тӀасан ритӀизаруна рохьорехунги сверел-терелалдаги ругел нухал.
ГӀадамал руго цӀакъ гӀодоре риччарал, сасараб гӀумру бугел, рази-ракиял, гьалбал хириял, жура-гъурарал. ГӀагараб умумузул ватӀаналдехун, мацӀалдехун рокьуца кодор росун, хӀайранго бицунеб букӀана гьез хабар.
Эсадия росулъ бищун цебе рехулеб буго росдал бетӀерасул хъизан. Гьидаятил вуго жеги кӀиго вац: Камил ва МустӀафа. КӀиявгоги вуго лъикӀаб пенсиялда. Камилил гӀумру ун батани гьеб Эсадия росулъ, МустӀафа хӀалтӀун вуго лъебералда щуго соналъ Канадаялда. ЧӀахӀиял машинабигун хьвадун вуго гьениса Америкаялде. Пенсиялде ине заман щварабго вуссун вуго жиндирго росулъе. БачӀунеб буго Канадаялъул пенсия- кӀиазарого доллар. Гьелда тӀадеги гьаниб Туркиялда вукӀинчӀеб лъебералда щуго соналъ гьениб пенсиялъул фондалде кьечӀого хутӀараб взносги жанибе кьун, бакӀалъулаб гьедигӀанасебго къадаралъулаб пенсияги бахъулеб бугилан бицана.

ГьабсагӀат гьес гӀумру гьабулеб буго лъикӀаб европаялъулаб къагӀидаялъ бараб минаялда жаниб. Рагьо-къоно чӀезабун буго берцинго. ХӀухьабихъизе гьарун руго санагӀалъаби. ГӀумру гьабулеб буго МустӀафаца жиндасаго къогогӀан соналъ гьитӀинай цӀакъ хӀалимай, рекӀелъ йосулей болгарай Гюльгьан абураб цӀаралъул гӀадангун цадахъ. Гьей кколей йиго Болгариялъул Селистра абураб шагьаралдаса. Гюльгьанилгун хабар гьабизе гӀурус мацӀалъ дагьаб бигьагоги букӀана.

Гьезул жидерго лъимал гьечӀо. МустӀафал цеехун йикӀарай хъизаналдаса рукӀарал лъималазги гьесулго кӀудияв вац Камилил цо васасги гьабсагӀат гӀумру гьабулеб буго Канадаялда. Гьездаги руго Шамил, Ибрагьим, ИсмагӀил абурал магӀарулазул цӀарал.

Гьай-гьай, гьенир ругел гӀадамаз хӀаракат бахъулеб буго рес букӀун жиде-жидер миллаталъул гӀадамазулгун ригьин-цӀа гьабизе. ХӀатта, росдал мухтар-бегавул Гьидаятица бицана жиндие ясалги дагъистаниязул росасда рукӀине ва васасеги дагъистанияй ячине бокьун букӀанилан. Амма къисмат батӀияб хъван батанилан бицана мухтарас.

Жакъа Дагъистаналдаса гурони хъизан гьабиларилан вас чӀун вугилан бицана Гьидаятил рахьдал яц Батулицаги.

Гьелъул жиндирго рос абуни вуго туркав- МухӀамад Чен. Амма гьес цӀакъ хӀаракат бахъулеб бугоан дагъистаниязул, магӀарулазул гӀамал-хасияталда рекъон вукӀине. ТӀубан магӀарул мацӀалде ругьунлъун гьечӀониги гьесда бичӀчӀулеб буго нилъер махсара-хочӀ.

МухӀамад Чен хӀалтӀана нухазул управлениялда. Гьениса пенсиялде араб мехалъ Эсадия росдал рагӀалда бугеб бищун тӀабигӀат берцинаб бакӀалда, рохьоб жаниб бана цӀакъ санагӀатаб нилъер гьаниб абулеб котеджалъул къагӀидаялъул мина. АскӀоб гӀезабуна ах. Гьениб камураб пихъ гьечӀо. Гьениб буго кариги, багӀлиги, инжирги… гранатаялъул гъотӀода берцинго биччалеб букӀана тӀегь. Рагьда рукӀана гӀанкӀаби-хӀелкал. ХӀапделеб бугоан бищун хирияб тайпадул гьой.

Гьениб гӀумру гьабизе берцинлъиги рахӀатги, хъизаналъего гӀураб пачалихъалъул пенсияги букӀана. Амма цо къоялъ Батулица росасда абуна: «дуца бокьараб гьабизе бегьула, дида цо иш гьечӀого чӀезе кӀоларо»,- ян. Щибха, Батули нилъеца гьабилеб, -ян гьелъухъ балагьун хутӀун вуго рос МухӀамад Ченги.

Гьедин гьез Чифлиткой шагьаралда байбихьана тукеналъул хӀалтӀи гьабизе. Хадуб Батулида ракӀалде ккана туркал магӀарулазул хинкӀазде ругьун гьаризе. У, ле, гьелъ рагьана гьеб шагьаралда жаниб хӀакъикъаталдаги «Хинкал» абураб кафе. Гьение хӀалтӀизе ячана кӀиго туркай. Батулица цин жинцаго байбихьана хинкӀазул мицӀир кьуризе. Хадуб турказда гьелъ малъулаан гьеб мицӀир бицатго гьабуни хинкӀазул тӀагӀам букӀунарилан…

Гьале гьанже гьелдаса нахъе ун буго къогогӀан сон. Жакъа киса-кисаго нухлул рагӀалда бугеб Батулил кафеялде хинкӀал кваназе рачӀунарел шагьаралъулги гьалбадерилги чи гьечӀо. Аслияб къагӀидаялъ гьениб чӀаголъи букӀунеб буго къалъудаса хадуб. ХинкӀал гьарулел руго нисулъги, гьаналъги, гьединалго цӀурачадалги… ХӀатта, гьел рокъо-рокъоре росизе рачӀунелги руго гӀадамал. Гьанже магӀарулазул хинкӀазул тӀагӀам лъарал турказул руччабиги гьезде ругьунлъун ругилан бицана.

Гьеле гьедин бакӀ-бакӀазда хӀалтӀулел, гӀумру гьабулел цо фамилиялъул чагӀи абун ракӀарулел рукӀана Эсадия росдал мухтар Гьидаят Йилмазил рокъоре цо-цоккун, кӀи-кӀиккун .
Гьелда абулебги бугоан «Цо фамилиялъул гӀадамазул сордо»,-ян. Амма дидаго бихьана батӀаго цохӀо фамилия бугел гурелги чагӀи гьенир рукӀине бегьулеблъи. Гьенире рачӀаразда гьоркьоб букӀана я гӀагарлъиялъул, я мадугьалъиялъул, яги гьудул-гьалмагълъиялъул хурхен.

Нижеда рукъалъул рагьдухъ дандчӀвай гьабуна цин гьелъул бетӀергьан Гьидаятица, хадуб квер босизе хӀадурго ватана гьесул кӀудияв вац Камил. Цинги «ЛъикӀ щварал» абун нижеда аскӀое щвана жий батӀияб миллаталъул йигониги магӀарул мацӀалъ кӀалъазе хӀаракат бахъулей Гьидаятил хъизан ПатӀимат.

Гьедин цо рокъор данделъана бихьинал. Цояб рокъоса рагӀулеб букӀана руччабазул роха-хинлъараб хабар. Гьебги букӀана Дагъистаналдаги Туркиялдаги ругел магӀарулазда бараб. Хадур киналъулго хӀасил гьабизего гӀадин, дой тӀадехун бицен гьабурай Батули тӀаде щвейгун цо ниж бихьинал рукӀараб рокъор данделъана руччабиги. Гьезул цӀакъ гъира букӀана Дагъистаналдаса хабар рагӀизе, хасго магӀарул мацӀалъ кӀалъазе. Дидасаги гӀемерал рукӀана гьезул суалал.

Гьоркьо-гьоркьов гьимулаго нечон гӀадин цо-цо магӀарул рагӀи абулев вукӀана Муниса Хайррудин. Гьесул хъизан МухӀсинатица абуни мадар гьабулеб букӀана уммумузул магӀарул мацӀалда кӀалъазе.
Гьедин анцӀила щу-щу къоялдаса цин-циназухъ ирга гьабун данделъулел руго Эсадиялда гӀадамал. Гьениб абулеб къагӀидаялъ мухӀабатт кӀалъай гьабулеб буго. Ай кин-щиб ругел абун, ихтилат, кепаб хабар, умумузул бицен-кици, росулъ гьабулеб гьабизе бугеб-толелъул… Сундулго бицунебги кинабго батӀи-батӀияб нигӀматалъулги гьеб сордоялъ хӀалбихьулеб буго.

Дида гьелъул релъен-хъвай бихьана Дагъистаналда цебе нилъер уммумуз тӀоритӀулел рукӀарал гваязул хӀаракаталда. Гьенибги букӀунаан кепаб хабарги, бицен-кициги, жура-гъурайги… Гваюлъеги ахӀулаан гӀадамал. Туркиялъул росулъги «Цо фамилиялъул сордоялде» рачӀуна гьенире ахӀарал чагӀи.

Боголил какдаса хадурги росдал гӀадамал данделъулел руго росдал администрациялъул минаялъул тӀоцебесеб тӀалаялда жаниб жамагӀаталъе хабар-кӀалалъеги, хӀухьбахъизеги чай гьекъезеги рагьараб жанахӀалда жанир. Хас гьабун росдал мажгиталъул будунас как ахӀулеб гьечӀо. Ялова шагьаралъул кӀудияб мажгиталъул будунас ахӀулеб какил гьаракь рагӀулеб хӀал гьабун буго киса-кибего гьеб вилаяталъул тӀолалго росабалъ. Ай, гьединаб радиоялъулаб бухьен чӀезабун буго мажгитазда гьоркьоб. Росдал дибирасеги мухь кьолеб буго хӀукуматалъ. Масала, гьитӀинабго Эсадия росдал дибирасул моцӀрол харж бахунеб буго азарго долларалде.

Туркав вугониги гьевги магӀарулаздаса ругьунлъун вугоан боголил какдаса хадур ратӀалъулаго магӀарул мацӀалда «Сордо лъикӀ, радал рихьила»,-ян абизе…

МухӀамад КЪЕБЕДОВ.




#Article 83: МугӀаз ал-ХатӀиб (110 words)


МугӀаз ал-ХатӀиб  — сириялъул хӀукуматалъул хӀаракатчи-сиясатчи, 2012 соналъул 11 ноябралдаса байбихьун гьев ккола Сириялъул халкъияб дандечӀеялъул бетӀерлъун.

Гьавуна 1960 соналъ Димишкъалда. Сириялда хӀуригаталъе гӀоло рагъ байбихьизегӀан Димишкъалъул Омавиязул мажгиталъул хатӀиблъун вукӀана.

Гьесул эмен вук1ана шайих МухӀаммад Абу ал-Фараж цӀаларав гӀалимчилъун ва Димишкъалдаго цӀар рагӀарав вагӀзачилъунги, гьевги ккола ал-ХӀасаний тухумалъул чилъун, ай аварагасул с.гӀ.в. ясалъул вас  ХӀасан бин ГӀалил тухумалъул чилъун. 

Гьесул руго кӀиго вацги цо яцги: яц йиго Массуна абурай (шаригӀаталъул къанунал гӀелмуялъул мугӀалим), вац ГӀабдул Къадир (Омавиязул мажгиталъул вагӀзачи - Тафсиралъул ва шаригӀаталъул къанунал гӀелмуялъул профессор) ва МухӀаммад Мужир (ХӀадис ва хӀадис гӀелмуялъул профессор - гӀемерал тӀахьазул муалиф).

Лъадиги ункъго лъимерги буго хъизамалда: Аман, ГӀабду РахӀман, Асмаъ ва Гьашим.




#Article 84: ГІободиясули тарих (1408 words)


МУХIАММАД ХIАЖИ АЛЬ ГIОБОДИ АД ДАГЪИСТАНИ
 
Сиражудин ХIайбулаев ва МухIаммад ХIасанов
(на аварском)
 АнцIила ункъабилеб къарнуялъул (нусил сонил) имам, хIакъав мужадид Сайид ГIободияв (р.гI.) гьавуна 1828 соналъ гIалимзабазул тахшагьар Хунзахъ районалъул ГIобода росулъ Къебеддибир абулев, сверухъе жиндир цIар рагIарав гIалимчиясул хъизаналда.
Гьединго, Къебеддибир вукIуна Хундерил тIалъиялъул росабазул цо чангоялъуб жиндица дибирлъиги гьабурав, кивехун кканиги гIадамаз жиндир ракI- ракIалъ адаб-хъатирги гьабулев, унго-унголъунги, диналъул киналго шурутIал жинца мухIканго цIунун, Аллагьасул ритIухъаб нух ккурав муъминчи. Гьебго жо тIалаб гьабулаан Къебеддибирас цойгидал диналъул вацаздасаги ва яцаздасаги...

Живго Къебеддибирил анкьумумулги гьебго даражаялъул бергьарал гIалимзаби рукIун руго, хундерил тIалъиялда гуребги, тIолабго Дагъистаналдаго жидер цIар рагIарал.

Васасда эбел-инсуца лъураб хIакъикъияб цIар букIана МухIамад абун. ХIежалдаса тIад вуссиндал, гьесда абизе жубана МухIамадхIажи абун. Ва амма заманалдасан росуцоязги, муридзабазги, жалго гIалимзабазги гьев рикIкIунев вукIана Аварагасул (с.т.гI.в.) суннат жиндица щулаго ккурав, бищунго гIажаибав Сайидлъун... Гьелъул кьучIчIалда тIолабго исламияб дунялалъего гьев лъугьана устар Сайид ГIободиявлъун.

Сайид ГIободиясул караматал манакъибазул бицунаго абичIого гIоларо, жеги эбелалъул чохьонив гьитIинаб лъимерлъун вугеб заманалдаго, загьирлъулел рукIанин гьев гьавизе вугев васасул гIаламатал тIокIлъабигун хаслъаби. МухIамадил эбелалда лъимаде йигониги лъалеб букIинчIо щибго захIмалъи чохьониб баччун бугеб лъимералъул. Гьелъ жиндирго росасда абулаан: «Къебеддибир, дида гьаб чохьониб баччун бугеб лъимералъул, гьабизе заман щолеб бугонигицин, тIотIол гIангицин бакIлъи лъалеб гьечIо. Дида гьадинаб жо бихьараб жо гуро. Гьаб цо эбелалъул чохьонибго гIаламатаб лъимер буго»,- абун.

Росас лъадуда абуна:

... МухIамад гьавуна битIун итни сордоялъ. Эбел-эмен кутакалда рохана васасдаса. Гьеб сордоялъ гьезухъе ургъунго ячIун йикIарай Къебеддибирасул яцгIалалъ, вас чурун вацIадги гьавун, эбелалъухъе керен хахизе кьуна... Амма хIикматго гIажаибаб рижиялъ абуни эбелалъул керен хахизе хивалго гьабичIо....

Гьеб заманалда Къуръан цIалулев вукIарав Къебеддибирасда аскIоеги ун, яцгIалалъ абуна:

Инсуца яцгIалалда абуна вас жиндида аскIове вачеян абун. Къебеддибирас васасул кваранаб гIинзуда жанибе как ахIана, квегIаб гIинзуда жанибе къамат гьабуна... Гьанже хахулин ас эбелалъул керенинги абун, вас яцгIалалъухъе тIадвуссинавун кьуна. ГIицIго гьелдаса хадуб жубана гIажаибаб лъимер гIорцIизегIан эбелалъул керен хахизе...

Инсуца хIакъикъги хъун, хирияв Бичас кьураб давла-васасда, дунялалда бищунго хирияб МухIамад аварагасулго (с.т.гI.в.) гIадаб, МухIамад абураб цIар лъуна.

Жеги щуго сон тIубачIев МухIамад инсул щакъи- къаламгун квал-квадизе жувайдал, Къебеддибирас васасда гьикъана: «Щиб дуе бокьун бугеб, дир вас?» абун.

Васас жаваб кьуна:

Инсуда, гIемерав воххиялъ, магIу кквезе кIвечIо. Гьес гьитIинав МухIамад, кодовеги вачун, каранде къана, дир баракатав хазинаянги абун.

Къебеддибирас хIурупалги хъван, гьел васасда кодоре кьуна, батани лъазареянги абун...

Гьеб цIакъго гIажаибаб хIикмат жиндирго беразда бихьидал, Къебеддибирасда бичIчIана жиндирго гьитIинав вас МухIамад гIарипинав вугевлъи...

ГIажаибго тIад чIчIун, къаси-къадлъи гьечIого, кIудияв чияс гIадин, лъазабулеб букIана гьитIинав МухIамадица- Сайидас динияб гIелму... Щиб суал кIудияз гьесие кьуниги, гьеб параялдаго щолеб букIана чIванкъотIараб, мухIканаб ва кьучIчIаб жаваб гьитIинав МухIамадихъан гIадамазе. Сверухъе киналго рукIана гьеб гIаламаталда хIикмалъун, божизе кIоларого, гьеб кинабго жидерго беразда цебе щибаб къойилго кколеб бугониги...

МухIамадица цIакъго ццудунго тIокIкIинабуна жиндирго инсудасан босизе рес букIарабщинаб гIелму-лъай. Гьесда бичIчIана жиндие хадубккунисеб гIелмудал ралъдал гъварилъиги, паналъиги, пасихIлъиги ва камиллъиги щвезе рес букIин гIадатиял гIалимзабаздасан гуреб, гIицIго гIарипиназдасан щвезе кколеблъи ва щвезеги бугеблъи...

ВукIинисев КъутIбул Гъавсас лъазабуна эбел-инсуда:

Цо сордоялъ Сайид ГIободиясда макьилъ вихьана жиндирго росуцояв, цIар рагIарав гIалимчи ШагIбан-къади, жиндица магIарулазул ракIазде жанибе гIулумал чваххун тIурав. Гьесдаго цадахъ вукIана МухIамадун Гьухъалиги. ГьитIинав МухIамад ГIободиясе гьеб сордоялъ загьирлъана гьезда цадахъ хьвадулел рукIарал нуралги... Гьезда хьолбохъ эхетарал малаикзабицин загьирлъана гьитIинав, ва амма гIаламатго цIодорав Сайидасе...

ГьитIинав МухIамад гIажаиблъун хутIана, гьаб дир беразда цебе загьирго бихьулеб гIаламатго щибилан...

Сайидас гьезда гьикъана цо батIаго хIикмалъи гьабун:

...Гьеб макьидаса ворчIидал, МухIамад, тагьажуд, суннат тIубан дугIаялде вуссана. Я, Аллагь, мун гурхIаян жиндаго къаси бихьараб гьеб гIажаибаб макьу таъвил гьабуна...

Сайид ГIободиясда бичIчIана гьеб хIикматаб макьу жиндида гьадинго бихьараб жо гуреблъи, гьединлъидал, гьитIинав Сайидасул ният ккола, радалго вахъун, хIикматал караматазул гIажаибаб магIдан Гьухъалиса МухIамадихъе гIелму камил гьабизе ине сапар бухьине.

I843 соналъ Гьухъалиса МухIамадхIажиясухъе (къ.с.) жиндиего исламияб гIелму тIалаб гьабизе унеб мехалда, Сайид ГI ободияс бан букIуна гIицIго анцIила щуго сон.

Живго Гьухъалиса МухIамадхIажи (къ.с.) вукIана Гьазигьумекиса Жамалудиница (къ.с.) жиндие устарлъиялъе ижаза кьурав машгьурав, гъваридаб гIелмуялъул гIалимчи, накъшубандияб тIарикъаталъул бергьарав устар.

Живго Жамалудин Гъумукъияс (къ.с.) жиндихъе зияраталъе, гIелмуялда хадур рачIунел цIакъго гIемерлъидал, абулаанила: «Дихъ бугеб гIадаб лъай Рочиса Мамадибирихъги ва Гьухъалиса МухIамадхIажиясухъги бугин, нужеца гьезул гIелмуялдаса пайда босе»,- ян абун.

Гьеле гьебго мурадалда Сайид ГIободиявги щола Гьухъаливе бакъанил гIужалъ ва рещтIине гьоболгицин цIехечIого, вачIинахъего мажгиталъуве уна, гIадамазул рахIат хвезабизе бокьичIого.

ЖамагIат какдаса хадуб, суннатги тIубан, истихар гьабулаго, тирщун тIадеги вахъун, хIакъав Муршидул Камил «МархIаба, дир вас!» - абун, икрам гьабун кIалъана Сайид ГIободиясда...

Гьев живго Гьухъалиса МухIамад вукIана гьитIинаб мехалдасаго варагI жиндир цIикIкIарав, камиллъиялъул ригьалде ваханиги, жиндица варагI балъго гьабурав.

Гьухъалиса МухIамад воххун, гьитIинав Сайидасул горбода къвалги бан, гьесда хурхун чIчIана, сверухъе кинабго жоги кIочон тун, халатккун жив балагьун чIчIун вукIарав жиндирго вас дандчIварав гIадин рази-ракиго...

Муршидул Камилас иллагьияб хIайранаб икрам гьабуна ГIободаса МухIамадие ва гьевги вачун жиндихъего рокъове ана тIарикъаталъул кIудияв устар....Гьеле гьев Аллагьасул кIудияв валиясул кумекалдалъун Сайид ГIободияс байбихьана балъгояб нуралияб гIелмуялда гъорлъе лъугьине, гьелъул кьалбалъе ваккизе, гьелъул хаслъаби тIатинаризе...

Сайид ГIободияс мутагIилзабазда гьоркьоб цохIониги къо бахъичIо, хасаб гьухъалисесул рияза гуреб гьесие къабуллъичIо.... Сайид ГIободияс байбихьана «Силкул гIайин» абулеб тIехьалдаса байбихьун «Сирру къадар» абулеб тIехьалде щун, жиндирго исламияб гIелму камил гьабизе...

РакI бухIун гьединаб хIалалда гьел тIахьазул пикрабазда вукIаго, саламги кьун тIаде щвана Илъяс ва Хизри аварагзаби.

Сайид ГIободиясул рекIел канлъи жидеда бихьидал, гьесул рекIел асарал гьезие загьирлъидал, кIиявго аварагас гьелда цIакъ гIажаиблъи гьабуна...

ГIарипиназда гьоркьов гьев Сайидасдаса ракI бацIадав гIуламаазул кьерда Муршидго вахъинарев гIадав гIаламатав инсан вукIана ГIободияв жеги гьитIинго. Гьеб бичIчIана бачIинахъего Илъяс ва Хизри аварагзабаздаги...

Сайид ГIободиясул чорхолъ бессун букIана жеги гьитIинго гIажаибго хIикматаб, рагьун гIадамазда жиб лъалареб сирру...

Халкъалъулго Хирияв МухIаммад аварагасул (с.т.гI.в.) цо хIадисалда абулеб буго: «Аллагьасдаса хIинкъи- киналго хIикматазул бетIер бугила, варагIги гIаламалъул хан бугила»,- абун.

Гьеле гьеб хIадисалда абухъего, кинабго рахъалъ Аллагьасдаса хIинкъиялъул нухал камилго тIуразарулев ва гIадамазда гьоркьов кутакалда гIамал берцинго хьвадулездасанги бищунго камилав инсан вукIанин абизе бегьула устар Сайид ГIободияв, жинда Аллагь разилъаяв. Гьев тIарикъаталъул гIаламатав устарасул чорхолъ цого заманалда данделъун рукIана, цоцазда хьухьаралгIанги камилго: гIелмуги; гIакълуги; гIамалги. Гьеле гьединав вукIиналъин Сайид ГIободиясул цIар ГIарабустаналдаго батIаго къадруялда рехсолебги букIараб, жеги лъимерлъиялъул ригьалдаго чIахIи-чIахIиял гIалимзабазгицин... Гьелъие мисалал абуни гIунги тIокI руго. Нилъеца гьезул жеги бицен гьабила гъоркьехун, Аллагьас хъван батани, хирияв цIалдохъан.

ТIарикъаталъул камилав устар ЧIикIаса Ханикал МухIамадхIажияс (къ.с.) абулеб букIун буго гьаб дуниял бугин цIакъго чорокаб жо: гьелъие гIоло гьабурабщинаб кинабго хIажатханаялъубе унин, нуж, бусурбаби, рукIунгейин гIицIго хIажатханаялъе хъулухъ гьабулеллъунилан абун.

Сайид ГIободияв вукIана жеги гьитIинго жинда эбел-эменги, гIалимзабиги ва гIакъилзабиги малъарарав гуревги, бищунго цIикIкIун Аллагьги малъарараб лъимер. Гьеле гьелъулъ букIана МухIамадхIажи ГIободиясул унго-унгояб сайидлъиги ва валилъиги.

ГIелму тIалаб гьабулев чи-Аллагь тIалаб гьабулев чи вуго,- ян гIадада абуларо хIадисалъ. Гьеле гьеб гIелму тIалаб гьабулезда гьоркьовгицин Сайид ГIободияв вукIана, КъилбацIва гIангицин, жив гIажаибго гвангъун сверухъе дунялалдаго вихьулев, хIикматго гIаламатияв ва гIадатияв инсан- гIелму-лъаялъул караматаб ралъад, Аварагасул (с.т.гI. в.) суннатал цIуниялъул рахъалъ авал-ахир бихьуларев океан... Гьеб кIодолъиялъул цо къатIрагIаги жиндир чорхолъ гьечIев чиясдаги гьеб, кигIан чIамун кIалдиб лъуниги, къулчIчIун эхебе инабизе кIвезе гьечIо.... КIудияб мегIералъе битIараб къимат, кIкIалал ахада хIарщулъ къан бугеб пахруяб чIчIимихалъ гуреб, гохI-щобалъгIаги кьезе тезе ккола, ритIухълъи балагьулеб бугони. Гьединаб буго ритIухълъиялъул къагIида жибго тIабигIаталдагицин... Ва амма, щаяли, гьеб гIадамазда гьоркьоб гIемерисебги мехалъ гIагсалда букIуна... Пикру гьабураб мехалда, гьеб унти цIакъго-цIакъ бахун бугин ккола, нилъер кинабго рахъ пасалъараб ва жагьиллъараб, ахирзаманалдеги... Аллагьас нилъ киналго ритIун ккезареги ва питна-жагьиллъиялдаса рикIкIадиселлъун ва рацIадаллъунги гьареги гьаб магIирукъалде сверараб дунялалъул заманияб кверкьутIа.... Амин!

... Цо къоялъ гIарипиназул бетIер, хъвадаризе лъугьиндал, килщаздаса нур баккун, загьирлъана гIаламат...

Кваранаб хьибилалда гьесда аскIов чIун вуго МухIаммад Авараг (с.т.гI.в.).

КвегIаб хьибилалдехун Ильяс авараг чIчIана, хIакълъун жив тIадегIанав Аллагь рехсейин абун, Сайидасда малъаризе лъугьана гьев...

Каранде данде витIун Хизри авараг чIчIана ва битIараб нухдасан кIалъайилан гьесие амру гьабуна...

Гьел аварагзабаздасан Сайид ГIободиясе загьирлъана цIакъго чIахIи-чIахIиял мугIжизатал...

Хирияб Къуръаналъул щибаб хIарпалъул жиб-жибалъул магIна, лъабкъоялда анцIгонигиялдеги бахараб даража ГIободиясеги загьир гьабун, хириял аварагзаби цереса тIерхьун ана...

Гьеб хIал баччун тамахлъун Сайид ГIободияв вукIаго, тIаде лъугьун вачIуна тIарикъаталъул устар Гьухъалиса МухIамад.

Дарсил хIалалги гьикъун, устарас хIукму тIалаб гьабуна, интихIам таъвил гьабун, кинабгоги гьикъана... Устарас жиндаго малъаралги, гьесул гъоркь хутIаралги, киналниги хIукмаби, мухIкан гьарун рицана, жиндирго мугIалимасе...

Сайид ГIободиясул гIаламатго хIикматал ва гIажаибго гъваридал жавабаз цIакъ кIудияб асар гьабуна Гьухъалиса МухIамадие (къ.с.).

Гьес Сайид ГIободиясда абуна:

ТIубараб лъабго соналъ Муршидун Камил Гьухъалиса МухIамадхIажиясда цеве цIалунги лъугIун, муршидлъиялъе ижаза щвараб мехалда, Сайид ГIободиясул гIумруялъул букIана гIицIго анцIила микьго сон. ГьитIинав чи вукIиналъухъ балагьичIого, Гьухъалиса тIарикъаталъул кIудияв устар МухIамадхIажияс (къ.с.) Сайид ГIободияв бергьарав гIалимчи лъугьиндал, гьесие кьола тIарикъаталъул устарлъи гьабизе ижаза.

ХIеж борхизе ине къватIиве вахъине ният ккедал, Гьухъалиса МухIамадхIажияс (къ.с.) Сайид ГIободияв витIула Сугъралъе ГIабдурахIманхIажиясухъе (къ.с.) хадубккунисеб гIелму камил гьабизелъун, гьесул киса-кибего цIар рагIараб мадрасаялде цIализе.

ГIицIго анцIила микьго сон!.. Гьеб хIикматаб гIелму... ТIарикъаталъул устарлъиялъе ижаза...

Жиндир дагьабниги бетIер хIалтIулев чиясе, гьеб гIажаибаб хIужаялъулъ, пикру гьабизе, кутакалда кIудияб гIаламат буго, дир диналъул вацалги ва яцалги... Гьабуларелги Аллагьас ригьинареги жагьиллъиялъул пакъираб макьил гъапуллъиялдаса...




#Article 85: Тахшагьар (146 words)


Тахшагьар ккола пачалихъалда, вилаяталда, штаталда ялъуни цогидаб административияб икълималда нухмалъиялъул бакІ хІисабалда жиндир бетІераб статутс бугеб муниципалитет. Гьеб ккола бетІереб шагьарлъун, жинда жаниб хІукуматалъул гІуцІиялги данделъаби гьарулеб бакІги бугеб; тахшагьаралъул статусалъе гІемерисеб баян кьун букІуна гьелъул къануналъ яги конституциялъ. Цо-цо юрисдикциязда, чанго пачалихъалда бугеб, хІакимлъиялъул батІи-батІиял гІаркьалаби рукІуна батІи-батІиял гІумру гьабулел бакІазда. Цо-цо нухалда батІалъи гьабула официалияб (конституциялъулаб) тахшагьаралдаги жиб батІияб бакІалда бугеб хІукумат букІунеб бакІалдаги гьоркьоб.

Жал аслиял экономикаялъулал, демографиялъулал, маданияталъулал ва интеллектуалиял централлъун рукІунел тахшагьаразде гьединго абула тІоцересел шагьаралилан (приматиял шагьар). Мисалаллъун рачине бегьула Афинал, Банкок, Пекин, Брюссел, Копенгаген, Къагьир, Лондон, Мехико, Москва, Париж, Лима, Сеул ва Токио.

Тахшагьар абураб рагІи Авар мацІалде бачІун буго парс мацІалдаса; гьеб рагІи лъугьун буго тах ва шагьар абураб рагІабаздаса, жинда жаниб тах бугеб шагьар абураб магІна буго гьелъул. Административияб мартабат гІодобегІанал икълимазул хІакимлъи жаниб бугеб бакІалъе цо-цо пачалихъазда хІалтІизабуларо тахшагьар абураб термин, хІалтІизабула, мисалалъе, термин административияб марказ.




#Article 86: Пачалихъалъул хӀукмуялъул низам (128 words)


Пачалихъалъул хӀукмуялъул низам — гьеб буго пачалихъ политикияб куцалда цебеб бачине хIукуматалъ лъураб форма. Гьелъ чIезабула, пачалихъалъул хIукмуялъул тIадеганал органал, гьел гIуцIцIиялъул тартиб, гьел хIалтIулеб замана ва гьединго гьел органазда гьоркьоб хурхен. 

Гьеб низам щибаб цо пачалихъалдаса цогиялдехун батIи-батIияб букIуна. 

Пачалихъалъул хӀукмуялъул низамал рукIуна:

Монархия — гьеб буго пачалихъалда жаниб кинабниги пачалихъ цебеб бачунел хIалтIаби цо чиясе рукIин. Гьединаб пачалихъалъул монарх (хан) хIукмуялде вачIуна инсудаса хадуб ирсги босун ва ккараб жоялъе халкъалда цебе гьес ритIухълъи бихьизабизе кколаро.

Республика яги ЖумхIурият — гьеб буго хIукумат бачин, гьеб бачунел тIадегIанал бутIрул халкъалъ рищулеб система. Гьединаб системаялда вищарав бетIерас жив вищарав чиясе, ай гражданинасе ккараб жоялъухъ жаваб кьезе ккола.

Республикаби яги ЖумхIуриятал цоцадаса батIа рукIуна, хIукмуялъул кинаб органалъ пачалихъ цебе бачунеб бугелда бан.  Масала цо-цо пачалихъал рукIуна парламенталъ цере рачунел ва цогиял рукIуна президентас цере рачунел. 




#Article 87: Генуб росу бахъи (264 words)


Генуб росу бахъи — ккола генерал Вельяминовасул бетІерлъиялда гъоркь, Дагъистаналъул тІоцевесев ва лъабабилев имамзабазул ГъазимухӀамадил ва Шамилил росу Генуб бахъиялъул мурадалда, 1832 соналъул 17-18 октябралъ гІурусаз росдаде гьабураб гьужум. 

Цо-цо росаби ва жамагІатал дагь-дагьккун ГъазимуІамадил рахъалдехун рачІине лъугьана. 1831 соналъ гьес къвенабуна гІурус пачаясул аскар Атлы-буюн росдада аскІоб. Хадуб ГъазмухІаммадица тІаде кІанцуІн бахъан Параул — Таргъоялъул шамхалил резиденция. 1831 соналъул 25 маялъ гьес сверунккуна «Бурная» щулалъи. 1831 соналъул 20 августалъ ГъазимухІаммадица сверунккуна Дербенд. Дербендалъулаб гарнизоналъе кумекалъе вахъана генерал Каханов, ва тІаде кІанцІиялъе битІккечІо.. 1831 соналъул ноябралда ГъазимухІаммад вачІана Гъизляралъухъе мугІрулги сверун. Гьесул аскараз гьеб ккуна ва гьениса гьезие давлаги щвана.

Гьеб кинабго лъугьа-бахъин лъарав, ва ГъазимухІаммад Генуб щулалъулев вукІин бичІарав, барон Розеница 10 октябралъул къаси, Генуве витІана генерал Вельяминов.

Жиндир кверщаликь 2 лъелго унезул полк (Москваялъул ва Бутыралъул), 41 -еб Егералъул полкалъул батальон, 2 рота саперазул, Гуржи полкалъул рекІарал ва 11 гІарадагун Вельяминов къокъана Темир Хан Шураса Генувехун хъерендерил нухдасан
БатІияб нухдасан, Эрпелисан Генуре рачІунеб, къватІиве вахъана подполковник Клюгенау Апшероналъулл лъелго унезул полкалъун ботальонгун, ва лъабго гІарадагун.
Барона Розенил амруялдалъун Мехтулиса АхІмад ханас бакІарана жиндирго мутІигІаздасан данде гьабураб бодулаб резерв, ва гьев къватІиве вахъана Рихьунибехун, гьеб росдал гІадамал гендерие кумекалъе риччачІого рукІиналъул мурадалда.

Генерал Вельяминовасул рапорталда рекъон ГъазимухІамадил кверщаликь букІун буго бищун дагьабги 3 000 муридасдасан гІуцІараб аскар.

Калуялда ссылкаялда вугев мехалда, гьеб лъугьа-бахъиналъул бицунаго Имам Шамилица чІванкъотІун абулаан Генуб росу цІунун гьеб къоялъ гІага-шагарго 600 чи гурони вукІинчІоян.

Генуб росо буго АваргІорул кваранаб рахъалда, гІорул рагІалдаса дагьаб манзилалда. Росу сверунккун руго рорхатал, рахине захІматал кьурабаз. Росулъе рачІунеб кьурабазда гьоркьоб къараб къварилъи бугеб лъабго бакІалда бан букІана ганчІил къадал, жинда чІорал ва тункІал речІчІулел картІалги ругел.




#Article 88: Халкъалдагьоркьосеб аэропорт СабихІа Гёкчен (214 words)


Халкъалдагьоркьосеб аэропорт СабихІа Гёкчен () (IATA: SAW, ICAO: LTFJ) — Туркиялъул Истамбул шагьаралда бугеб халкъаздагьоркьосеб аэропорт. Аэропорталъе кьун буго Туркиялда тІоцее рагъул пилотлъун яхъарай чІужугІадан СабихІа Гёкченил цІар. Ататюрк аэропорталда сапар гьабулезул къадар цІикІкІиндал, гьениб хІалтІи бигьалъиялъул мурадалда бана СабихІа Гекченил цІаралда бугеб аэропорт. Гьеб ккола Европалъул бищун хІалуцарал аэропотазул цояблъун.

Аэропорт буго Истамбулалъул азиялъул рахъалда, шагьаралъул централдаса 35 километралъ жанубиябгун-бакъбаккул рахъалдехун.

СабихІа Гёкчен аэропорт ккола — порт приписки бюджеталъулаб Pegasus Airlines авиакомпаниялъ хъвай-хъвагІай гьабураб, гьелъул аслияб чІейи гьабулеб портлъун .

СабихІа Гёкченил цІаралда бугеб аэропорталда буго кІиго кІудияб гуреб терминал. 2009 соналъу 31 октябрялъ рагьана цІияб терминал, 200 000 кв. метр площадь бугеб ва 16 гьаваялъул кьояздалъун къачІараб. Терминалалъул квегІаб бутІаялда гьабун буго жанисел рейсазул терминал ва квараналда буго къватІисел рейсазул терминал. Роржун рачІарал пассажирал къватІире рачІуна тІоцебесеб тІалаялдасан ва роржине пассажирал уна кІиабилеб тІалаялдасан. .

(*)Баянал росана: DHMI.gov.tr

Шагьаралъул № E10 автобусал уна Къадикей районалде. Нухда бала 40 минут (экспрессалъ) ва 1 сагІат (гІадатияб автобусалъ). Автобусал къватІире рахъуна щибаб 10-40 минуталдасан. Автобусы компании «Havataş» компаниялъул автобусаз рейсал гьарула авэропорталдаса Къадикей районалде, багьа 8 лир (май 2013) ва Такъсим районалде, багьа 13 лир (май 2013). ГІарац бакІарула автобусалда жаниб контролерас - компаниялъул хІалтІухъанас, рекІине изну бугоян абурат талонги нилъехъе кьун. Къадикей районалдаса Истамбулалъул доб цояб ралъдал рагІалде рекІине ккола гамида, шагьаралъул центералде ине кканани.




#Article 89: Дагъистаналъул байрахъ (286 words)


Дагъистан Республикалъул байрахъ   ккола Дагъистаналъул пачалихъияб гІаламатлъун.

ГІурччинаб кьералдалъун бихьизабулеб буго чІаголъи, дагъистаналъул ракьалъул гьарзалъи ва гьебго заманаялъ гьеб бачІуна исламалъул гІадатлъун билълъараб кьерлъун. КанчІхъахІилаб (хъахІилаб) — ралъдал кьер (руспубликаялъул бакъбаккул рахъ чурула Каспий ралъдаца), гьелъ тІоритІел гьабула дагъистаналъул халкъазул берцинлъиялде ва къадру-къиматалде. БагІараб кьералъул магІна демократия, МугІрузул улкаялъул халкъазул бихьинлъи ва яхІ букІин.

Россиялъул империялъул заманаялъ Чачанлъиялъул цІикІкІунисеб рахъ хІатта Сунж-хъалаги гъорлъе унаан Терский областалде ва жодорго хасал гІаламатал рукІинчІо гьезул.

Хьундасеб Кавказалъул имараталъул байрахъ букІана хасаб кІодолъи-гьитІинлъи чІезабураб гІурччинаб кьералъул ххамил кесекалда хъахІаб кьералъул моцІги гьелда тІад хъахІаб кьералъул лъабго цІваги бахъараб. 

ДАССРалъул 1927 соналъул конституциялда букІана Руспубликаялъул бичахисиялъул ва рагъулаб байрахъалъул баян. Гьеб букІана билбагІараб кьералъул ххамил кесек, жиндир квегІаб бокІнида байрахъалъул гІералда аскІоб меседил кьералъ «Дагестанская Автономная Советская Социалистическая республика» абун хъвараб байрахъ.

ДАССРалъул 1937 соналъул конституциялда рекъон республикаялъул пачалихъияб байрахълъун букІана РСФСРалъул пачалихъияб байрахъ, гьебги букІана багІараб ххамил кесекалда байрахъалъул гІералда аскІосеб рахъалдасан гІодосан эххедехун канчІхъахІилаб чІоло биччараб байрахъ. ЧІоло лъугІараб бакІалдасан, квегІаб рахъалъул тІасияб бокІнида бахъун букІана нилъ ва гьецІокъ ва гьелда тІадги щугІаркьелаб цІва. Нилъалда ва гьецІокъалда тІад меседил хІарпаздалъун хъван букІана «ДАССР» абун, гІурус, авар, лъарагІ, лехгин, падар. лак, тат ва табасаран мацІазда.

Дагъистан Республикаялъул байрахъ буго ункъабго бокІон битІараб ххамил кесек, горизонталиял гІурччинаб, хъахІилаб ва багІарб кьеразул чІалал жинда ругеб; гІеблъи борхалъиялъул 1:2 бащадаб

Байрахъалъул гьанжесеб къагІида билълъинабуна 19.11.2003 с. № 27 гъоркь бугеб Дагъистан Республикаялъул пачалихъияб байрахъ абураб къануналда рекъон.
Дагъистан Республикаялъул байрахъ буго ункъабго бокІон битІараб ва лъабго цоцада бащадаб горизонталиял чІалал жинда ругеб ххамил кесек: тІасияб — гІурччинаб кьералъул, гьоркьохъеб — хъахІилаб ва гъоркьияб — багІараб кьералъул. Байрахъалъул гІеблъи борхалъиялъул 2:3 ращалъула

На 1 января 2017 соналъул 1 январалъ Дагъистан Республикаялда букІана 760 муниципалияб гІуцІи: 10 шагьаралъул округ, 41 муниципалияб мухъ, 3 шагьаралдажанисеб мухъ, 7 шагьаралъул чІчІейбугебакІ ва 699 росдал бо.




#Article 90: Халкъалдагьоркьосеб аэропорт Ататюрк (176 words)


Халкъалдагьоркьосеб аэропорт Ататюркил цІаралда бугеб (, ) (IATA: IST, ICAO: LTBA) — ккола Турциялъул бищун кІудияб аэропортлъун. Гьеб буго Истамбулалъул Европаялъул рахъалда. 2012 соналъ гьенисан яги гьенире роржаразул къадар бахана 45 млн чиясде (Европалда 6 бакІ ва дунялалдаго 20 бакІ).

СултІанахІмет абураб тарихияб байданалдаса 24 км. рикІкІад ккола, Мармар ралъдал рагІалда. 1980 соналдасан байбихьун аэропорталъе кьуна МустІафа Кемаль Ататюркил цІар  — ГІусманияб халифат биххизабизе квер бакъарав ва гьеб биххун хадуб Европалъул пачалихъаз гІуцІцІараб, гІилманияб Турция республикалъул тІоцевесв президент.

Аэропорталда буго кІиго терминал: халкъалдагьоркьосеб ва жанисеб рейсазул. Халкаъалдагьоркьосел рейсазул терминал бана 2001 соналъ, жанисел рейсазулаб бана 1970-ел сс. Халкъалдагьоркьосеб ва жанисеб рейсазул терминалал цоцада хурхинарун руго ракьуда гъоркьан гьарурал нухаз.

Аэропорталда буго терминалалда хурхараб отель. Гьелдаса батІиябги, аэропорталдаса 5-мильалъул радиусалда руго дунялалдаго рикІкІунел гостиницабазул сеталъул гостиницаби - Radisson SAS, Marriott International, Holiday Inn, Four Seasons ва Sheraton.

Аэропорталъул территориялда буго Turkish Airlines авиакомпаниялъул бетІераб офис.

Аэропорт рекІинабун буго Аксарай районгун метроялъ. Гьеб уна шагьаралъул европаялъул бутІаялъул цо чанго чІахІи-чахІиял районаздасан; шагьараздагьоркьосеб автобусазул вокзалги гъорлъе бачун.

Автобусаз аэропорт рекІинабула: Такъсим, Этилер ва Козъятагъы районалгун.

Хадур рехсарал авиакомпанияз рейсал гьарула алкъалдагьоркьосеб аэропорт Ататюркалде:




#Article 91: Turkish Airlines (182 words)


Turkish Airlines (, буссинабула Туркиялъул гьавамухъал гIадин) — Турциялъул аслияб гIадамал раччулеб компания, Истамбулалда аслияб чIейи бугеб. Компаниялъ тIоразарула Европаялъул, Азиялъул, Африкаялъул ва Америкаялъул 220 аэропорталдасан ва Туркиялда жаниб 42 аэропорталдасан рейсал. Авиакомпаниялъул аслияб хаблъун ккола Халкъалдагьоркьосеб аэропорт Ататюрк (IST), кIиабилеб иргадул хаблъун ккола Халкъалдагьоркьосеб аэропорт Эсенбогъа, Анкара (ESB) ва Халкъалдагьоркьосеб аэропорт СабихІа Гёкчен, Стамбул (SAW).

Нахъ рилъарал авиакомпанияллъун ккола Anadolujet, SunExpress ва BH Airlines.

Турциялъул гьавамухъаз рейсал гьарула, Турциялъул 42 аэропорталдасан. Turkish Airlines ккола жанисел рейсал гьарулел компаниязул бищун цебесеб мухъда бугеб компаниялъун. Гьелъул конкуренталлъун ккола Onur Air, Pegasus, SunExpress (50 % Turkish Airlines компаниялъе бугеб) ва Atlasjet.

ЦIикIкIунисеб бутIа халкъалдагьоркьосел рейсазул Turkish Airlines компаниялъ гьарула Истамбулалъул Халкъалдагьоркьосеб аэропорт Ататюркалдасан. Турциялъул гьавамухъаз гьединго гьарула 220 рейс Турция бахун къватIибхун, гIага-шагарго 108 пачалихъалде. Рейсал гьарула Атлантикияб океаналдасан Шималияб Америкаялде — Бостон, Вашингтон, Лос-Анджелес, Монреаль, Нью-Йорк, Сан-Франциско, Торонто, Чикаго ва Хьюстон, Жанубиялде — Богота, Буэнос-Айрес, Сан-Паулу.

Азиялда бищун кIвар бугел рахъаллъун ккола Бангкок, Гонконг, Гуанчжоу, Джакарта, Куала-Лумпур, Манила, Осака, Пекин, Сеул, Сингапур, Шанхай, Тайбэй, Токио, Улан-Батор ва Хошимин.

Авиакомпаниялъ гьоркьоса къотIичIого рейсал гьарула Астраханалде, Екатеринбургалде, Казаналде, Москваялде (аэропорт «Внуково»), Новосибирскалде, Ростов-на-Донуялде, Санкт-Петербургалде, Сочиялде, Ставрополалде ва Уфаялде.




#Article 92: ISO 3166 (105 words)


ISO 3166 — международный стандарт ISO, определяющий кодовые обозначения государств и зависимых территорий, а также основных административных образований внутри государств. Состоит из следующих частей:

Двухбуквенные коды ISO 3166-1 alpha-2 используются ICANN для присвоения национальных доменных имён верхнего уровня.

База данных по двухбуквенным доменам верхнего уровня по кодам стран составляется на основе списка стран, разработанного ISO 3166 Maintenance Agency.
IANA создает новый ccTLD только после того, как его код появляется в списке ISO 3166-1.

Этот список широко используется и в других целях, так как для процедуры отбора стран для него используются политически нейтральные принципы.

ISO 3166-2 занимается административными единицами второго уровня. Челябинская область России, например, обозначается RU-CHE.




#Article 93: Кавказалъул мугІрул (375 words)


Кавка́залъул мугӀрул (, , , , , дарг. Кавказла дубурти, , , , , , , , , ) — мугӀрузулаб система, жиб Евразиялда ЧӀегӀераб ва Каспий ралъадазда гьоркьоб бугеб. ЦӀаралъул этимология мухӀканго лъалеб гьечӀо. Бикьула кӀиго мугӀрузулаб системаялде: КӀудияб Кавказ ва ГьитӀинаб Кавказ. Кавказ гӀемерисеб Бикьула гьединго Шималияб Кавказалдеги Нахъакавказалдеги, жидеда гьоркьоб гӀурхъи кинабниги системаялъул бакьулъаб кколеб КӀудияб Кавказалъул БетӀераб, ялъуни Лъимбикьулеб, щобалда рекъон цӀалеб.
КӀудияб Кавказалъул системаялъул халалъи буго 1100 километраялдаса цӀикӀкӀун, шималиябги бакътӀерхьул рахъалдаса жанубиябги бакъбаккул рахъалде, ЧӀегӀер ралъдал Таман бащдабчӀинкӀиллъиялдасаги Анапаялдасаги Каспий ралъдахъ бугеб Апшерон бащдабчӀинкӀиллъиялде. 
Бищун цӀикӀкӀараб гӀеблъи буго Эльбрусалъул меридианалда (180-гӀанасеб км). Агъаб рахъалдехун буго  Кавказалъул БетӀераб бал, гьелдаса шималияб рахъалде буго чанго параллелиял балал. 
КӀудияб Кавказалъул бакъда щоб гӀуцӀун буго кулисхӀалал балаз, жал Кавказалъул БетӀераб баладехун цулел. 
Бикьула лъабго бутӀаялде: БакътӀерхьул Кавказ (ЧӀегӀер ралъдахъа Эльбрусалде), Бакьулъ Кавказ (Эльбрусалдаса Казбекалде) ва Бакъбаккул Кавказ (Казбекалдаса Каспиялде).
Бищун машгьурал тӀогьал — Эльбрус (5642 м) ва Казбек (5033 м)) — рацун руго кидагосеб гӀазуца ва цӀералъ. КӀудияб Кавказ буго кӀудияб гьанжесеб цӀеркъай бугеб регион .

ГьечӀо чӀван-къотӀараб жаваб Кавказалъул мугӀрузул Евпропаялъулищ ялъуни Азиялъулищ кколеб абураб суалалъе. РикӀкӀиналде балагьун, Европаялъул бищун борхатаб тӀолъун ккола ялъуни Эльбрус (5642 м), ялъуни Монблан (4810 м), Альпазда бугеб.

Кавказалъул мугӀрузул руго Евразиялъул къоноялъул бакьулъ (Европаялдаги Азиялдаги гьоркьоб, Кавказ гьезул гӀурхъилъун рикӀкӀани).

La Grande Encyclopédie-ялдаги, ЦРУ-ялъул тӀолгодунялалъул фактазул тӀехьалдаги, Миллияб географияб жамагӀаталдаги ва цогидал иццаздаги Европаялъул гӀурхъи рикӀкӀункб буго Кавказалъул кӀиябго балалдаса гӀоркьегӀан, ай Кавказ Европаялъул бутӀалъун рикӀкӀунеб буго. 

Кавказалда буго 50-гӀанасеб батӀияб халкъ (мисалалъе: абхазал, аварал, адигъал (черкесал), къажарал, эрмениял, балкарал, даргинцал,чачанал, гуржиял, ингушал, тумал, лезгиял, карачаял, осетиял, рутулал, табасаранал ва ц.). Гьеб халкъал ккола Кавкасионияб, Индоевпропияб ва Алтаялъулаб мацӀазул хъизаналъул.

Кавказалъул мугӀрузда гӀоразул чвахи буго аслияб кӀагӀидаялъ радиалияб. Кавказалда иццул бетӀер бугел гӀоралгин лъарал чвахула ЧӀегӀераб (Бзыбь, Кодор, Ингури, Риони, Мзымта), Азов (Кубань, ва Каспий (Кума, Кура, Самур, Сулахъ, Терек) ралъдалъе.
Севан хӀор ккола регионалда бугеб бищун кӀудиязул цояблъун.

Цогидал гӀалхул хӀайваназда цадахъго Кавказалда дандчӀвала гӀалхул хъабанал, гьинтаби, мугӀрузул цӀцӀани, ва гьединго хъвекцӀумал. ЦӀакъ къанагӀат дандчӀвала леопард (Panthera pardus ciscaucasica). Цере рукӀана гьединго  азиялъулал гъалбацӀал ва каспиял цӀиркъал, амма нилъер эраялъул байбихьуде гьел тӀубан тӀагӀинаруна. 

Кевказалда цӀакъ гӀемер руго гьодимухъикъал рухӀчӀаголъаби, мисалалъе, 1000 батӀияб навгӀ буго нусиречазул.

Кавказалда дадечӀвалеб буго 6349 навгӀ тӀогьолаб гъветӀ-хералъул, гьенибго гъорлъ 1600 бакӀалъцл навгӀ. 16 навгӀ мугӀрузул гъветӀ-хералъул баккана тӀоцебе Кавказалда. 




#Article 94: Дагъистаналъул БетІер (229 words)


Дагъистан Республикаялъул БетІер — Дагъистан Республикаялда тІадегІанаб хъулухъ, жинца бетӀерлъи гьабулев Дагъистан Жумгьурияталъул хӀукмо билълъанхъизабиялъул къуваталъе.

Дагъистаналъул БетӀерас бачуна сиясат, жиндица Россиялъул конституция ва федералиял къанунал, Дагъистан Жумгьурияталъул конституция ва Дагъистаналъул къанунал цӀуниялде ва гьел рилълъанхъизабиялде кӀвар кьолеб, ва гьединго халкъазда гьоркьоб ращалъи, инсанасул ва ватӀанчиясул эркенлъи ва ихтиярал цӀунулеб ва Дагъистан Жумгьурияталъул цолъиги ракьги цӀунулеб. Дагъистаналъул БетӀерлъун вукӀине рес кьуларо къануналъ 30 соналдаса гъоркьехун сонал ругев чиясе.

Хъулухъ тӀубазе бихьизабураб болжал — щуго сон. Вищула Дагъистан Жумгьурияталъул Халкъияб Собраниялъул депутатаз, Россиялъул Федерациялъул президентас рихьизарурав лъабго кандидатасдасан.

Кинго 2004 соналъ Россиялъул президент В. В. Путинил жигараб байбихьиялда бан, Россиялъул Федерациялъул киналниги икълимазул тӀадегӀанал хъулухъалъул гӀадамал рищи хисун букӀана Россиялъул президентас рихьизарурал кандидатаздасан икълималъул къанунал рахъулеб идараялъ рихьизариялде.. Жал хӀукмуялда ругел икълимазул бутӀрузе рес щвана цоги нухалъ жалго рищизе изну тӀалаб гьабун президентасухъе руссине.

БетӀер хъулухъалде лъугьуна рищияздаса хадуб лъеберабилеб къоялъ, гьаб хадусеб гьа бан бахъарабго: «Дун гьедула гӀемермиллатазул дагъистаналъул халкъалъе ракӀ бацӀцӀадго хъулухъ гьабизе, дурусго цӀунизе Россиялъул Федерациялъул Конституция, федералиял къанунал, Дагъистан Жумгьурияталъул Конституция ва Дагъистан Жумгьурияталъул къанунал, инсанасул ва ватӀанчиясул эркенлъи ва ихтияразул хӀурмат гьабизе ва гьел цӀунизе, Дагъистан Жумгьурияталъул цолъи ва ракь цӀунизе, ракӀбацӀцӀадго ва ритӀухълъиялда дида тӀад лъурал Дагъистан Жумгьурияталъул БетӀнрасул тӀадеганал хъулухъал цӀунизе».

Гьа бала рохалилаб ахӀвал-хӀалалда Дагъистан Жумгьурияталъул Халкъияб Шураялъул депутаталги ва Дагъистан Жумгьурияталъул Конституциялъулаб Судалъул къадизабиги ругеб бакӀалда. БетӀерас гьа бала Жумгьурияталъул Конституциялда кверги лъун. Гьа бан бахъарабго ахӀула Дагъистан Жумгьурияталъул Пачалихъияб гимн.

Халкъияб Шураялъул хӀалтӀи чӀезаби;




#Article 95: МухІамад-СагІид Шамил (2270 words)


МухIамад–СагIид Шамил яги СагІид-Бей () (1901-1981) - Бергьарав сиясатчи, имам Шамилил ахирисев ирсилав.

МухIамад–СагIид гьавуна 1901 соналъ Мадина шагьаралда, Шамил имамасул бищун гьитIинав  вас МухIамад–Камилилги черкесай Нажибатилги хъизамалда. МухIамад–СагIид гуревги  гьезул рукIана ясал–Нажабатги (I899–I983) Нажияги (I9I6–I983) ва гьитIинго хварав вас Жамалудинги. ГІусманиязул Империя бихун хадуб, МухIамад–Камил хъизангун цадахъ гочана Истамбулалде. Гьениб МухIамад-СагIидица лъугIизабуна Галатасарай лицей.

Хъулухъ гьабуна Турциялъул армиялда, маршал абураб цІаралде вахинегІан. 

Совет хIукуматалъул заманалда политиказул къиматазулъги, гIалимзабазул хIалтIабазулъги, хъвадарухъабазул асаразулъги   гьесда чIвачIеб бугьтанги, гIунтIизабичIеб гIайибги, гьесие кьечIеб нагIанаги хутIичIо. «Хиянатчи», «къутуш», «базарган», «ингилисазулгун турказул жасус» ва гь.ц. «Антантаялъ Дагъистаналъул мугIрузде рехараб ханида жаниса къватIиве вачIана Шамил имамасул васасул василан чIарав, СагIид-бекилан цIар бугев, цо щивалиго лъаларев гIолохъанчи. Гьев…къутIуш лъун вукIана Дагъистаналъул контрреволюционерас (ХIоцоса Нажмудиница) жиндирго хIаракаталъул бетIерлъуда». Гьел бугьтанал жакъагицин дандчIвала газетазда ва журналазда рахъарал цо–цо макъалабазда. 

Амма хIакъикъаталдаги гьединав чи вукIинчо МухIамад–СагIид. Гьес киданиги рагIад рехизе течIо жиндир ссилияб тухумалдеги кIудиял умумазул ишаздеги цIараздеги. МухIамад–СагIидида цIакъ лъикI лъалаан жив лъил наслуялъул чи кколевали. Гьединлъидал гьес гIумру тIамуна цIакъ ургъун, гьелъул щибаб рахъалъул  хIисаб гьабун, гIемер къадруяб къагIидаялда. «Черхалъулги гIамал-хасияталъулги рахъалъ гьев цIакъ релълъарав вукIана жиндирго инсудаги кIудадаги. Къадруяв, аваданав, чIухIи гьечIев гьев киназего вокьулаан ва киназго гьесул хIурматги гьабулаан. Камилаб пикруги пасихIаб каламги  букIарав СагIид Шамил гьебго заманалда вукIана гIакъилчиги тарихчиги». Гьесие цIакъ бокьулаан Дагъистан. Гьелъул тархъанлъиги  эркенлъиги гьесда бихьулаан ва бичIчIулаан жиндирго умумазда бичIчIулебги бихьулебги  букIараб къагIидаялда ва гьеб мурадалъе гIоло къеркьана гьев тIолабго гIумруялъ.

МухIамад–СагIидил лъимерлъиги балугълъиги бачIана Турциялъулги Шималияб Кавказалъулги тарихалда жаниб кIудиял хиса–басиял ккараб заманалде. I9I4 соналъ байбихьараб ТІоцебесеб дунялалъул рагъалъги, гьелъул асаралда гъоркь Россиялда лъугьараб инкъилабалъги ва байбихьараб жанисеб рагъалъги Кавказалда кIудиял лъугьа–бахъинал дунялалде ахIана. Гьезда гьоркьоб букIана  I9I8 соналъул II маялда Шималияб Кавказалъул халкъаз, Россиялдаса тархъанлъараб, жибго жиндаго чIараб пачалихъ МугIрузулаб Республика лъазабиги. Амма Дагъистаналдаги Кавказалъул цогидал бакIаздаги байбихьараб жанисеб рагъалъ цIияб пачалихъалъул бутIрул: ХӀоцоса Нажмудин, Узун–хІажи, Хъайтмаз ГIалиханов ва гь.ц. тIамуна тушбабазде, аслияб куцалда генерал Деникинил бетIерлъиялда гъоркь букIараб ХъахIаб Аскаралдаги большевиказдаги  данде къеркьей байбихьизе. Гьеб къеркьеялъул идеологияб кьучIлъун букIана ислам, мурадлъун-ватIаналъул тархъанлъиги эркенлъиги цIуни ва щула гьаби..

Шималияб Кавказ ва Дагъистан жибго–жиндаго чIараллъун рукIине гIоло гьабулеб букIараб рагъ гьелъул идеологазги церехъабазги  рикIкIунаан Шамил имамас гьабураб рагъул, ай гъазаваталъул цIияб гьумерлъун. Гьединлъидалин гьезул  цоясул–Узун–хIажи шайихасул пикру ккараб  Шамил имамасул хутIарав варис, гьесул бищун гьитIинав вас МухIамад-Камил Дагъистаналде ахIизе ва гьев гъазаваталъул  бетIерлъуда тезе.
I920 соналъул II маялда Веденоялда аскIоб бугеб Кайшиюрт росулъ тIобитIун букIана Узун–хIажица ахIараб кIудияб мажлис. Гьелъул мурад букIана ватIаналда лъугьараб ахIвал-хIалалда тIасан халкъалъул пикру лъазабизе ва, гьебги хIисабалде босун, большевиказде данде къеркьей билълъинабизе. Гьеб букIана Узун–хIажида хвалил унти чIвараб, гьев рагIалде вакIарараб заман. Гьеб сабаблъун  гьесда мажлисалда гIахьаллъизе кIвечIо. Жиндирго пикрабиги мурадалги шайихас  загьир гьаруна мажлисалде хъвараб кагътида. Гьениб гьес хъвалеб букIана гъазават чIезе тезе бегьиларилан, миллияб хIаракат щула гьабизе ккелилан ва, жив хун хадуб, гьелъул цевехъанлъун Турциялда вугев Шамил имамасул ахирисев вас МухIамад–Камил вищизие бокьилаанилан ва гьесда сверухъ киналго цолъизеги ккелилан.
Мажлисалда гIахьаллъараз шайихасул пикраби къабул гьаруна. МухIамад–Камил ахIизейилан, Турциялде битIизе цо къокъаги гIуцIана. Гьев вачIинегIан гьесул вакиллъун Инхоса Дарбиш МухIамад–хIажиги вихьизавуна.
Гьеб заманалда МухIамад–Камил вукIана Сириялда. Жиндихъе хабар щвараб мехалъ, гьев Истамбулалде тIад вуссана ва гьениб гьесда лъана Шималияб Кавказги Азарбижанги БагIар Аскаралъул кверщаликье ккараллъи. Дагъистаналда бугеб ахIвал-хIалги лъазабун,  ва, жив кIодолъунги унгтунги вугин гьединаб кIудияб ва къадруяб вазипа тIаде босизеян, гIиллаги бачун, жиндирго бакIалда гьес Дагъистаналде витIана жиндир цохIо вугев вас, анIила ичIго сон барав МухIамад-СагIид.

I920 соналъул июнь моцIалда МухIамад–СагIид Шамил Тифлисалде вачIана ва МугIрузулаб Республикаялъул бутIрузухъе рогьил битIана жив Кавказалде щванилан. Гьел къояз Дагъистаналдаса Турциялде тIад вуссунев вукIарав турк офицер Мустафа Бутбайица гьадин хъвалеб буго жинда Гуржистаналда дандчIварав МухIамад–СагIидил хIакъалъулъ:

Шайих Шамилил хIакъалъулъ жакъаги кIочон течIел бахIарчиял биценаз, гьай-гьай, халкъалъулъ кIудияб рокьиги хIурматги бижизабуна гьесул лъималаздехунги гьезул лъималаздехунги. Шамилил васасул вас магIарулазда жидерго цевехъанлъун вихьаравани, щаклъи гьечIого, магIарулазулъ цIилъизе букIана гьезул бахьарчияб таваккал....

КIудияв Шамилил васасул вас Гуржистаналде щун вугилан рагIараб хабаралъ, магIарулазда гьоркьоб кIудияб чIаголъиги рохелги бижизабуна. МухIамад–СагIидгун дандчIвазейилан август моцIалъул ахиралда ГуржистаналъулЛагодехи шагьаралде уна ХIоцоса Нажмудинил бетIерлъиялда гъоркь I5 чиясдаса гIуцIараб магIарулазул къокъа. МухIамад–СагIидги вачIуна гьениве гьелгун дандчIвазе. Гьеб данделъиялда гIахьаллъи гьабуна полковник Хъайтмаз ГIалихановасги ва цоги чанго офицерасги.

Дагъистаналде иналде цеве МухIамад-СагIид Шамил дандчIвана Гуржистаналъул хIукуматулъул бетIергунги ва гьеб заманалда Тифлисалда букIараб Франсиялъул рагъулаб делегациялъул бетIер полковник Кокгунги. Гьесие бокьун букIана лъазе щиб даражаялъул ва къадаралъул кумек гьездаса щвезе бугебали МугIрузулаб Республикаялъе. Хьуллъураб жаваб щола МухIамад–СагIидие полковник Кокихъа. Гьезухъа щвараб рагъулаб сурсат мугIрузул нухаздасан Дагъистаналде рехизе гIоло, гьес гьеб иш тIадкъала чачанав, полковник МуртазагIали Куриевасдаги, магIарулал, полковник МухIамад Хандиевасдаги ва майор МикагIил Пираловасдаги.

I920 соналъул октябрь моцIалъ анцIила ичIго сон барав МухIамад–СагIид Шамил вачIана Дагъистаналде. «Гьев вугоан гьанжего–гьанже михъил хIур чIвалев, чIегIераб кьенсер–бералъул, чIурканаб лага–гIучIалъул, турказул офицеразул формаги ретIарав, рази–ракияб гьумералъул гьитIинав гIолохъанчи». БатIи–батIиял авторазул батIи-батIиял пикраби  руго, МухIамад–СагIид Дагъистаналде вачIараб мехалъ, гьес миллияб къеркьеялъулъ хIараб ролалда тIасан. Масала, Шерефеддин Эрелица хъвалеб буго, магIарухъе щваравго, гьес жиндаго тIаде босанила  рагъулаб хIаракаталъул нухмалъи  ва аскаралъул штабалъул бетIерлъун полковник ГIумар Пираловги тIамунила. Ингилисазул тарихчи Александр Бенигсенил пикруялда рекъон, МухIамад–СагIид вукIана гъазаваталъул формалияв лидерлъун. Гьелъул хIакъикъиял церехъабилъунилан абуни рукIана Хунзахъа Хъайтмаз ГIалихановги, ХIоцоса Нажмудин имамги, СалтIаса Узун–хIажи шайихги. Узухъда, гьеб суал, МухIамад–СагIидил гIумруялда хурхарал  гIемерал цогидал суалалго гIадин, рагIа-ракьанде щун мухIкан гьабизе ккараб буго. Амма мухIканго лъала МухIамад–СагIидица Дагъистаналда  кинабниги 62 къо бараблъи ва гьев чанго кIвар бугел рагъазулъ гIахьаллъаравлъи. Гьезул цоялъулъ лъукъунгицин вукIун вуго гьев.  

Умумузул ватIаналда МухIамад–СагIид  щварал щинал бакIазда, Шамил имамасул заманалъ рукIарал байрахъалги кодор ккун,  халкъалъ гьесда кIудияб дандчIвай гьабулеб букIана. Большевиказда дандерахъаразул символ хIисабалда  вукIана къватIиса вачIарав Шамил имамасул васасул вас СагIид–бек. ГIемер азарго чияс гIахьаллъи гьабураб дандечIей сверана унго–унгояб рагъуде.

Гьеб заманалда, ай I920 соналъул ахиралда Дагъистаналъул миллиял къуватазда  церечIарал аслиял масъалабазул цояблъун букIана магIарухъ, кIвар бугел бакIазда гIуцIун рукIарал большевиказул горнизонал щущахъ риххизари. Амма кодоб букIараб тIадагьаб ярагъгун гьеб масъала гьезие тIубазе бигьа букIинчIо. Гьедин, I920 соналъул 23 сентябралда цолъарал къуватаз гьабураб гьужумалъул хIасилалда  щущахъ биххизабуна Болъихъ букIараб большевиказул горнизон. БагIаразул цогидаб къокъа, КIаратIа росда аскIоб сверун ккун,  тIагIинабуна. Амма I920 соналда Азербайжаналдаса Дагъистаналде бачIараб БагIар Аскаралъул кумекалдалъун  бакIалъул большевиказул къуватаз жанисеб рагъулъ бергьенлъи босана ва I92I соналъ Дагъистаналда Совет хIукумат щулалъана.

МагIарухъ большевиказул хIукумат бергьун хадуб, МухIамад–СагIид Шамилица I92I соналъул март моцIалда Дагъистан тезе ккана. Большевиказе бокьун букIана гьев кквезе. Гьелъул мурадалда Муслим Атаевасул къокъацин битIун букIун буго гьесда хадуб. Амма божарал гIадамазул кумекалдалъун, мугIрузул сухъмахъаздасан, захIматаб, кIиго моцIалъ халат бахъараб сапаралъул ахиралда МухIамад–СагIид Шамил  Нахичеваналде щола ва гьенисан Турциялде уна.

ТIад вуссун хадуб МухIамад–СагIидица жигараб хIалтIи гьабуна Турциялдаги, Сириялдаги, Иорданиялдаги ва цоги ГIагараб Бакъбаккул пачалихъаздаги рукIарал  мугьажирзабазда Кавказалда бугеб ахIвал–хIал, хасго гьеб   эркен гьабиялъул масъала бичIчIизабие ва гьелъие гIоло хIаракат гьабизе. Гьес хасаб кIвар кьолаан гъурбаталда гIураб гIолохъанаб гIелалда умумазул ватIан–Кавказ кIочон течIого букIине, гьезда гьеб бокьизабизе, гьелъул эркенлъи гьезул гIумруялъул аслияб мурадлъун букIин бичIчIизабизе гIоло. «Миллияб асар чорхолъ бессараб нилъер гIолохъанлъиялда лъазе ккола батIиял миллатазул мацIал, къватIисел улкабазда цебе Кавказалъул суал чIалгIинчIого, свакачIого бичIчIизабизелъун».

Гьеб заманалда Польшаялда Кавказалъул мугьажирзабазул гIумруялъулъ кIудияб роль хIалеб букIана Прометей абураб Азарбижаналъул, Гуржистаналъул, Шималияб Кавказалъул, Туркистаналъул ва Украиналъул мугьажирзабазул организациябаз гIуцIараб политикиябгун жамгIияб хIаракаталъ. Гьелъул хIалтIулъ гIахьаллъи гьабулаан МухIамад–СагIид Шамилицаги. Амма гьесдаги гьевго гIадал Шималияб Каказалъул мугьажирлъиялъул машгьурал гIадамаздаги бичIчIулеб букIана жидеда церечIарал масъалаби гIумруялде рахъинаризе ккани, жидерго цо хасаб политикияб гIуцIи букIине кколеблъи.
Гьедин, I926 соналъул I8 ноябралда Варшаваялда гIуцIана Кавказалъул магIарулазул халкъияб партия (КМХП) (I926-I940). Гьеб букIана Шималияб Кавказалъул мугьажирлъиялъул тарихалда жаниб гIуцIараб тIоцебесеб ва ахирисеб политикияб партия. Гьелъул Генералияв секретарлъун вищун вукIана, гьеб гIуцIулаго кIудияб жигар бахъарав, МухIамад–СагIид Шамилги. Гьес гьеб хъулухъ билълъинабуна I932 соналде щвезегIан.
Партиялъул программаялда рихьизарурал мурадазул аслияблъун букIана, I9I7 соналъул I8 сентябралда ГIандиб тIобитIараб мажлисалъ къабул гьабураб хIукму гIумруялде бахъинаби, ай тархъанаб Шималияб Кавказалъул Федеративияб Республика гIуцIи. Гьелдаго цадахъ партиялъ цебелъун букIана масъала ВатIаналдаса рикIкIад, мугьажирлъиялда ругел Кавказалъул магIарулазул маданиятги, культураги, тарихги, мацIги ва гь.ц. цIунизе гIололъун хIажатал тадбирал гьаризеян; гIолохъанаб гIелалъе миллияб кьучIалда лъай ва тарбия кьезеян; гIолилал васалги ясалги жигараб политикияб гIумруялде гъорлъе рачине ва букIинисеб къеркьеялъе гьел хIадур гьаризеян.

ТIадехун абухъего, Шималияб Кавказалъул мугьажирзабазда гьоркьоб бищун рахIат хвезабулеб суаллъун букIана гIаммаб мацIалъул суал. Гьез рикIкIунаан букIинисеб пачалихъалъул пачалихъияб мацIги букIине кколилан.. 

Гьеб кIвар бугеб масъала гIумруялде бахъинабизе гIололъун I933 соналъул I6 апрелалда Варшаваялда гIуцIун букIана Шималияб Кавказалъул мацIазул комиссия. Гьеб комиссиялда  рукIана Кавказалъул батIи–батIиял халкъазулги поляказулги  вакилзабиги, гьезда гьоркьор магIарулал МухIамад–СагIид Шамилги Багьавудин Хуршги. Комиссиялда  тIадкъан букIана гIаммаб пачалихъияб мацI тIаса бищизеян абураб масъала. Байбихьудасанго нахъчIвана гIурус, турк ва гIараб мацIал, щай гурелъул, комиссиялъул пикруялда рекъон, гьел рукIана чияр мацIал. Гьезул бакIалда комиссиялъул вакилзабаз халгьабуна лъарагI, абхаз, адиг, магIарул, чачан, осетин мацIазул. Ахирги  хIукму гьабуна букIинисеб Шималияб Кавказалъул Федеративияб Республикаялъул пачалихъияб мацIлъун лъарагI мацI тасдикъ гьабизе.
Церелъурал мурадалги масъалабиги гIумруялде рахъинаризе, гьел мугьажирзабазда ричIчIизаризе  гIололъун 30–абилел соназда Варшаваялда Кавказалъул магIарулазул халкъияб партиялъ, жиндирго органал хIисабалда, риччалаан батIи-батIиял журналалги газеталги, масала, Путь свободы (ХIурияталъул нух), Борьба (Къеркьей), Знамя народа (Халкъалъул байрахъ), Наша цель (Нижер мурад), Горцы Кавказа (Кавказалъул магIарулал), Вольные горцы (Эркенал магIарулал) ва гь.ц.
Гьезда гьоркьоб бищун машгьураблъун букIана Горцы Кавказа (Кавказалъул магIарулал) абураб журнал. Гьелъул гьурмазда хасаб бакI  кколаан политикияб публицистикаялъ. Гьенир цогидал авторазул камилал макъалабазда гьоркьор  рукIунаан МухIамад–СагIид Шамилил макъалабиги.

Гьелдаго цадахъ гьев дандчIвана батIи–батIиял пачалихъазул бутIрулгунги гIахьаллъана  халкъаздагьоркьосел конференциябаздаги данделъабаздаги. Масала, I93I соналъул 7 декабралда МухIамад–СагIид  Шамил ун вукIана Иерусалималде (Къудусалде), гьелъул муфти Амин ал–ХIусеница Исламияб Конференциялъул мажлисалда гIахьаллъизеян ахIун. Гьенив  гьев вищана гьеб организациялъул идараялъул бищун гIолохъанав вакиллъунги. Гьеб киналъулго мурад букIана гьениб Кавказ эркен гьабиялъул суал бичIчIизаби ва бусурман улкабазда гьоркьоб гьелъие квербакъи бати.

Гьел соназда МухIамад–СагIидица гIемераб заман балаан СагIуди ГIарабистаналдаги. Гьениб гьесул рукIана инсудасаги кIудиял умумаздасги  ирсалъе щварал ракьалги цогидаб магIишатги. Гьеб гуребги СагIуди ГIарабистаналда МухIамад–СагIид Шамил хIалтIулев вукIана РабитІату ал–Ислами (Исламияб бухьен) абураб ТIолгодунялалъулаб  Исламияб Организациялъул нухмалъияб комитеталъул вакиллъунги. Гьеб организациялъул хIалтIулъ аслиял рахъазул цояблъун букIана дунялалъул щибаб бакIалда зулмуялда гъоркь ругел бусурманал халкъазе кумек ва квербакъи гьаби.

I939 соналъ байбихьараб КІиабилеб дунялалъул рагъалъ ахир лъуна Польшаялдаги, Чехословакиялдаги Европаялъул цогидал улкабаздаги рукIарал Кавказалъул мугьажирзабазул жамгIиябгун политикияб ва культуриябгун рухIияб гIумруялъеги гьезул партиялъул ва  жамагIатазул хIаракаталъеги.

Алманиялдаги  Совет пачалихъалдаги гьоркьоб ккараб рагъалъ Кавказалъул диаспораялда цIилъизабуна ватIан эркен гьабизеян гьениб даим чIаго букIараб хьул, ва мугьажирзабаз байбихьуда гьеб рагъ рохалида къабулги гьабуна. Амма гьезда хехго бичIчIана  Кавказалда тIасан жидер рукIарал планалги Гитлерил пикрабиги дандекколареллъи.

Кавказги гьеб гурел цогидал бакъбаккул ракьалги жидерго кверщаликье рачине, гьезие идара гьабизе гIололъун немцаз Розенбергил нухмалъиялда гъоркь гIуцIана хасаб министерлъи. I942 соналъ Алманиялъул къватIисел ишазул министерлъиялъ, Кавказалъул суалал тIадкъазеян, МухIамад–СагIид Шамил ахIана Берлиналде. Гьенив гьев дандчIвана Алманиялъул бутIрулгун гьезда гьоркьов живго Гитлергунги. Амма немцазул планалгун лъай–хъвай гьабураб мехалъ, МухIамад–СагIидида бичIчIана гьезие жидеего бокьун букIин Кавказалда тIад кверщел гьабизе ва гьез киданиги жиндир ватIаналъе тархъанлъиги эркенлъиги кьезе гьечIеблъи. Гьезулги жиндирги планал данде кколареллъи бичIчIараб мехалъ,  МухIамад–СагIид Шамил, немцазул планаздаса  инкарги гьабун, I942 соналъ Турциялде тIад вуссана.

Рагъдаса хадуб, цIорораб рагъул соназда МухIамад–СагIид Шамилица хIукму гьабула Кавказалъул эркенлъиялъул масъала халкъаздагьоркьосеб даражаялде борхизабизе. Гьеб мурадгун гьес жигараб гIахьаллъи гьабизе байбихьана батIи–батIиял конференциябазда, симпозиумабазда, мажлисазда ва данделъабазда, масала, Азиялъул ва Африкаялъул Улкабазул Конференция (Каир), Бандунгалъул Конференция (Бирма) ва гь.ц. Гьениб гьес кидаго борхулаан  бусурманал халкъал эркенлъизе гIоло  исламиял хIукуматазги организациябазги матералиябгун моралияб кумек гьабизе ккеялъул суал.

I95I соналъ Истамбулалда МухIамад–СагIид Шамилица Пшимахо Косокгун, Вассан–Гирей Джабагъигун, Айтек Намитокгун, Къадиржан Кафлигун ва цогидалги Кавказалъул диаспораялъул машгьурал гIадамалгун цадахъ гIуцIана «Шималияб Кавказалъул кумекалъулаб ва культурияб цолъи» («Kuzey Kafkasya Yardım ve Kültür Derneğı»).  Гьеб гIуцIиялъе аслияб гIилла букIана КIиабилеб дунялалъул рагъдаса хадуб Турциялдаги гьениб бугеб Шималияб Кавказалъул диаспораялдаги кIудиял хиса–басиял ккей. ТIоцебесеб иргаялда гьел рукIана  немцазул асирлъудаса хадур, Сталинил режималдасаги хIинкъун,  Кавказалде тIад руссинчIел цIиял  мугьажирзаби. МацIги хIалги  лъаларел, лъалев чиги гьечIел гьел гIадамазе цIакъ захIмат букIана апараглъиялда цIияб гIумру гIуцIизеги чияр жамагIаталда жаниб  жидерго бакI батизеги. Гьеб гуребги, хIажат букIана мугьажирлъиялда гIураб цIияб гIелалъе тарбияги лъайги кьезе, гIолохъанал ясаздаги васаздаги Кавказалъул бахIарчияб тарихги, бечедаб культураги, умумазул камилаб гIамал-хасиятги малъизе ва гьезда гьеб бичIчIизабизе. Гьелъул мурадалда жамагIаталъ гIуцIун букIана «Кавказ» абураб журналги. Гьенир рахъулаан диаспораялъул ва Кавказалъул гIумруялъул батIи–батIиял темабаздасан хъварал макъалабиги, репортажалги, мугьажирзабазул ракIалдещвеялги, фольклориялгун адабиял асаралги ва гь.ц.

Заман анагIан Турциялда бугеб Кавказалъул диаспораялда цере гIумруялъ лъолел рукIана цIия–цIиял масъалабиги тIалабалги. Гьел тIалабазе кьолел жавабазул цояб хIисабалда букIана МухIамад–СагIид Шамилил  пикруялда рекъон ва гьесул кIудияб хIаракаталдалъун I978 соналъ  Истамбулалда  рагьараб «Шамилил лъайкьеялъулаб ва культурияб фонд» («Şamil Eğitim ve Kültür Vakfı»). ХвезегIан гьабуна гьес гIахьаллъи гьеб фондалъул хIалтIулъ гьелъул  нухмалъиялъул вакил хIисабалда.

МухIамад–СагIид Шамилие цIакъ бокьулаан тIахьал цIализе ва гьес кидаго жигар  бахъулаан цIалулеб жоялъул гъварилъуде ваккизе, гьелъул пикру бичIчIизе. «Гьебго жо букIунаан гьевгун гара-чIвари гьабулагоги-кинаб букIаниги лъугьа-бахъиналъул хIакъалъулъ ялъуни Кавказалъул тарихалда тIасан цо пуланаб жо диего мухIкан гьабизеян гьесие суал кьурабго, гьес байбихьулаан рагIа-ракьанде щун… жаваб кьезе ва цо хабар бицине анцIила щуго минут гIолеб бакIалда, унаан сагIатгин бащдаб заман…». 

Пайда щиб, цIалудехун букIараб хIасраталда цадахъ  гьесул букIинчIо жиндирго пикраби хъван загьир гьарулеб гъираги. Энциклопедияб лъайги, лъикIаб гIакълуги ва мантIикъги букIаниги гьесие бокьулароан хъвадаризе, къалам кодобе босизе. Амма кин букIаниги МухIамад–СагIидихъа  хъван бахъана цо чанго тIехьги брошюраги: «Кавказалъул магIарулал» (Париж, I930.–франг мацI), «Кавказалъул вакиласул гара–чIвари» (Дамаск, I956.– гIараб мацI), «КъватIисел туркал ва социализм» (Истамбул, I97I.–турк мацI). Гьел гурелги, I998 соналъ Истамбулалда турк мацІалда басмаялда бахъана ЖахIпар Барласица данде гьабураб МухIамад–СагIидил публицистикиял макъалабазул «ЖугьутIазул дагIбаги Палестинаялъул проблемаги» абураб тIехьги.

Гьелдаго цадахъ гьесул гIемерал макъалабиги хъварал жалги  рахъана Турциялъулги батIи-батIиял улкабазулги мажмугIаздаги, журналаздаги, газетаздаги.
МухIамад–СагIид Шамилил букIана кутакалда бечедаб библиотека. Гьенире данде гьарун рукIана дунялалъул цо-цо мацIазда хъварал цIакъ къиматал тIахьал. Абизе ккола, тIабигIатияб сахлъиялъ гьесие рес кьолаан хIатта ункъого сон бараб мехалъгицин,  цIороберал рачIого, тIахьал цIализе. 

Гьесда эркенго лъалаан магIарул, гIараб, гIурус, ингилис, турк ва франг мацIал.

Гьедин лъугIана Шамил имамасул васасул вас МухIамад–СагIидил рахIатхвараб, хIалуцараб, гIемерал лъугьа–бахъиназ бечед гьабураб   гIумру. Жинцаго жиндаго цебе лъураб кIудияб мурадалъе, анишалъе гIоло тIамураб гьеб гIумруялъ, гьаб дуниял тезегIан, цогидаб жоялде  буссине течIо гьесул пикруги ракIги. Гьелъ  батизе ккола МухIамад–СагIидил киданиги букIинчIеб я хъизан, я лъимал. Гьезде гьев регIунги вукIинчIо. Нахъе наслу течIого, дуниялалдаса ратIалъана  гьесул кIиялго яцалги–Нажабатги Нажияги.

МухIамад–СагIид Шамил вукIана жиндир заманалъул инсан. Гьесул цIаралда сверухъ жеги руго хIакъикъиялги гьересиялги харбалги биценалги. Амма, кин батаниги, ватIан тун арал аза–азар мугьажирзабазулго гIадин, МухIамад–СагIид Шамилил гIумруги хIаракатги  ккола Дагъистаналъул тарихалъул бутIалъун ва, цо рахъалдасан балагьун, цо коцотIа борцун, цо пикруялда хадур рилълъун,  гьезие къимат кьезе бегьуларо ва бажароларо.




#Article 96: Кавказ (160 words)


Кавка́з — географиялъул икълим, цІикІкІунисеб бутІа мугІрузул, жиб Евразиялда бугеб. Гьеб ккола Бакъбаккул-Европаялъул гІодоблъиялъул жанубияб рахъалда, Европаялъул ва Азиялъул гІорхъода. Гьелъ гъолъе рачуна Россиялде, Гуржиялде, Азарбижаналде ва ЦIамухъалде гъорлъе унел ракьал ва гьединго цо-цояз гурони рикӀкӀинчӀел Абхазия ва Жанубияб Гьиристан ва рикӀкӀинчӀеб МугӀрузулаб Гъарабагъалъул Жумгьурият. БакътІерхьудасан ЧІегІер ва бакъбаккудасан Каспий ралъадаз гІорхъиги чІван буго гьелъие.

 

 абураб рагӀи лъугьине бичӀчӀулеб гьечӀо, лингвистазул кинаб букӀаниги этимология кьеялъулъ гьечӀо цо ккураб позиция.

Геологиябгин геоморфологияб гӀуцӀиялда рекъон Кавказалъул территория шималияб рахъалдаса жанубияб рахъалде бикьула ункъго аслияб орфографияб зона, жал Кавказалъул гӀуцӀадулал бутӀабазде дандекколел:

Европеоидияб раса:

Понтияб гъоркьтайпа:

Каспияб гъоркьтайпа:

Арменоидияб тайпа:

Кавказалъул территориялда гӀумру гьабун буго 50 рахъун халкъал, хасаб маланиятги мацӀалги ругел. Гьединго Кавказалда руго батӀи-батӀияб заманалда жал рачӀун чӀчӀарал халкъал,  кавказияллъун жал кколарел: гӀурусал, украиниял, курдал, ассириял, татарал, жугьутӀал ва цогидал.

Кавказалъул халкъал мацӀазда рекъон рикьула лъабго аслияб къокъаялде:

Кавказалда ругел аслиял динал ккола насранияб дин ва Ислам, гьединго руго жугьутӀ дин кколелги.

Кавказалда кьал букӀарал ва жеги бугел бакӀал руго:

гӀурус мацӀалда




#Article 97: Къеди (338 words)


Къеди́ () — ккола Дагъистан жумгьурияталъул ЦӀумада мухъалъул росу. Ва гьединго гьеб рикӀкӀуна Ункъракьалъул офицалияб гуреб тахшагьарлъун.

Къеди буго Дагъистаналъул ва чачаназул гІорхъода аскоб. Росу бакьулъан чвахулеб буго лъар (Саситлинка), ГІандигІоргун жиб жубалеб.

Къедиса гочарал гIадамал руго гьал хаду рехсарал росабалъ: Шава (Бабаюрт мухъ), ХІажидада (Хъумторхъала мухъ), Коби (Буртиялъ, Шелковск мухъ), Акъсай (Хасавюрт район).
Росулъ гІемерисел руго магIарулал, Ислам-дин ккурал. Ахирисел соназ гІадамазул къадар гьениб лъалаго цІцІикІана. Школалде ине заман щвечІел лъималазул къадар Къедиб жакъа 70-80 чиясда бахун буго ва къедисел хІажаталлъун ккун руго росулъ лъималазе ясли-ах рагьин тІалаб гьабун хІукуматалде гІарзгун ине.
Гьединго 90-ялдасаги тІаде санал рахарал гІадамалги Къеди дагьал гьечІо. Дагъистаналда бищунго гІумру халатал гІадамаздасан ккола Къедиса 1905 саналда жий гьаюрай Хизриева Арайчо.

Къеди росдал руго 3 Мать-героиня цІар шварай эбелги:

ГӀадамазул къадар:

Къеди росдае тІоцебе кьучІ лъурал гІадамазул гьабсагІаталъ баян гьечІо, амма цебесаб биценалда рекъон жакъасел къедисезул умумул гьенире рачІарал рукІин чІчІолеб буго XӀӀ-XӀӀӀ гІасруяз.

Къеди росу бикьула лъабго авалалде: ТIасияб авал, Гъоркьияб авал ва Кванхи-авал (лъар тун квегIаб рахъалда бараб росдал бутIа; гьениб тIоцебе рукъ бан букIун буго Кванхи росулъа бидвиххун вачIарав чияс). Росулъ жаниб букIун буго кIиго годекIан: ТIасияб годекIан (гьенире ракIарулаан гIолохъаби) ва Гъоркьияб годекIан (гьенир рукIунаан чIахIиял чагIи ва гьарулаан росдал данделъаби).

Къеди ругел тухумазул къадар батIи-батIияб бицуна. Мисалалъе, М. ХIусейновас Ункъракьалъул хIакъалъулъ хъвараб тIехьалда бицунеб буго Къеди пуланал 4 тухум бугин: Нуцаби, Малалал, Къуйлял, ХIамсал (Гьамщал ратила, гьас мекъи хъварал). ГIаммаб къагIидаялъ гьадинал тухумал руго гьенир:

Гьебго кIудияб ункъо тухум рикIкIинчIого, Къеди росулъ нахъа заманалда гьанире гочарал чагIаздаса лъугьараб чанго рукъ букIана:

ГІемерисел къедисал руго боцІи-панз хьихьун бетІербахъи гьабулел гІадамал. Гьезул цо-цоял Сочиялда, Анапаялда, Краснодаралда ва Россиялъул цоги-цогидалги шагьаразде ун бакІал раялда хІалтІула, гьединго гьабула даран-базарги. Руччабацаги лъималацаги риидал бакІарула лай, гІодобкару, гІинтІи, мучари ва цоги-цогидал даруял, гьеб ракьалда жал гІемер рукІунел хурдулги. Хурзабахъ хьалеб жоги гьезул гІемерисеб картошка, хъапуста, ламадур, пер букІуна. Сверухъ ругел цогидал росабазул гІадамазе бокьула Къедисезул мугІрузда хьихьараб боцІул гьанги, хІан-нахги. Къеди руго цІар рагІарал чанахъабиги, махшел камилал гІияхъабиги.

Росулъ буго кІиго мажгит: кIудияб ва цо гьитIинабги (авал мажгит). Росдал гIемерисел руччаби-ясаз ретІуна  бусурбабазе хасаб ретІел.




#Article 98: Шава (128 words)


Шава́ (, ) — ккола Россиялъул Дагъистан жумгьурияталъул ЦӀумада мухъалъул росу. 

Шава буго Бабаюрт мухъалда. Мухъалъул марказ, Бабаюрталдасан шималалъул магърибалда ва гьелдаса 30 км рикІкІад буго гьеб. Шаваилан абула чамалиго данде ракӀарарал ЦӀумада мухъалдасан гочарал росаби, гьездасан: Къеди (яги цо-цо картабазда рекъон - Инко) - Шаваялъул марказ, Шугъури (ТӀинди), ТІисси, Гьигьалъ, Гьадири, ЦІунтІа.

Шаваялда киналго руго магIарулал, амма къанагІатго цоги миллатазул чагІиги рукІизе бегьула. ГІемерисел руго ЦӀумада  мухъалдасан гочарал гІадамал.
ГӀадамазул къадар: 2433 чи.

ЦӀумада мухъалъул лъугьизегІан, жеги хIуригаталда цебе, Шава букІана бечедал гІиял хьихьун рукІарал, лъарагІал, Яхсаевазул хъутан. Советияб хІукумат бачІаралдаса гьеб кьуна ЦӀумада  мухъалъул Къеди росдал, Ленинил цІаралда букІараб колхозалъухъе. Гьелдаса хадубе гьенире ритІана цоги-цогидал росабаздасан гІадамал.

БоцІцІи-панз хьихьун ва хур-ах гьабун гІумру, магІишат гьабула цІикІарал гІадамаз.

Шаваялда руго бусурбаби, сунитал. Шаваялъул гIадамал сверухълъиялда динияллъун рикIкIула.




#Article 99: Европаялъул пачалихъазул сияхІ (381 words)


Европа — анлъго гӀаламалъул бутӀаялдасан цояб ккола. Европаги Азияги данлъун лъугьула Евразия - бищунго гӀемер гӀадамал ругеб ва бищунго цӀикӀкӏараб материк. Европаялъул халалъи — 10 млн км², Европаялда гӀадамазул къадар бахуна — 730 млн чиясде.

Европаялъул пачалихъал рикьула ункъго бутӀаялде: БакътIерхьулаб, Бакъбаккулаб, Хундасеб ва Бакъдасеб. Цо-цо ракьхъвайчагӀаз гьелда тӀад жубала — Гьоркьохъеб. Рагъ ккезехъинаб заманаялъ Европа бикьулаан кӀиго бутӀаялда: БакътIерхьул Европа - капиталистиял пачалихъал, Бакъбаккул Европа — социалистиял пачалихъал.

Кинго Европаялда буго 65 пачалихъ: гьезда гьоркьосан 50 эркенал, 9 эркенлъи щвечӀел ва 6 рикӀкӀинчӀел жумгьуриятал.

Лъабго пачалихъазул — Россиялъул, Туркиялъул ва Хъазахъистаналъул, киналго хӀужабазда рекъон, ракьал руго Европаялдаги Азиялдаги; ва гьединго кӀиго пачалихъ (Азарбижан ва Гуржистан) гӀемерисел гӀурусазул ва Бакътӏерхьул Европаялъул хӀужабазда рекъон, Азиялъул пачалихъаллъун рикӀкӀуна, амма америкаялъул хӀужабаз бицула буго гьел пачалихъазул цо-цо ракьал Европаялдаги ккола ругин. ТӀубанго Азиялда ругел пачалихъал: Эрменистан ва Кипр Жумгьурият - цо-цо геополитикиял хӀужабаздалъун рикӀкӀуна Европаялъулин.

Европаялъул ракьалда буго бищунго кӀудиябги (Россия), ва гьединго бищунго гьитӀинабги (Ватикан) пачалихъал.

БакътIерхьул Европа — геополитикияб Европаялъул бутӀа. Гьелда гъорлъе уна латин мацӀазул пачалихъал, ва гьединго кельт ва немцазул мацӀазул пачалихъалги. Экономикаялъул рахъалъ бищун цӀебетӀураб икълимлъун ккола гьеб.

Аслиял диназдасан ккола католицизмги протестантизмги. Ахир заманалъ гьениб Исламги лъикӀалан щущан ина буго.

Бакъбаккул Европа — геополитикияб икълим, Европаялъул бакъбаккул рахъалдехун кколеб. Ракьалъул гIатIилъиялъул рахъалъ европаялда бищун кIудияб икълим.

Икълим гIуцIцIана Византияб империя тIегьалеб ва цебетIолеб букIараб заманаялда.

Аслияб дин ккола православие ва католицизм. Икълималда хIалтIизабула кириллияб хъвай-хъвагIай (славяназул пачалихъазда) ва латиница.

Россиялъул цIикIкIунисеб бутIа Азиялда ккола, кинго гьеб рикIкIуна Бакъбаккул Европаялда гъорлъ, культуриябгун-тарихиял ва цогидалги гIиллабазе гIоло.

Хьундасеб Европа — геополитикияб икълим, жинца скандинавиялъул ва прибалтикаялъул пачалихъал данде гьарулеб, Европаялъул хьундасеб рахъалдехун кколеб.

Икълим лъугьана нилъер рикІкІеналъул тIоцебесеб азаргосоналъул кIиабилеб бащалъиялда алманиязул колонистазул кьучIалда, ва гьеб халкъалъул гIемерал хаслъаби  ирсалъеги щвана.

Икълималда тIобитIарал диналлъун ккола лютеранство ва протестантизмаялъул батIи-батIиял мазгьабал .

Бакъдасеб Европа — геополитикияб икълим, жинца Европаялъул бакъдасеб рахъалда ругел бакъдасел славянал, романиял ва грек мацІазул пачалихъал цо гьабулеб икълим.

Икълим лъугьана НекІсияб Грециялъул заманалда, Нилъер рикIкIеналда цебе гIага-шагарго 2 азарго соналъ цебе. Гьеб ккола Европаялъул бищун хера ва цебегосеб икълимлъун.

ЦIакъго тIоритIарал диналлъун ккола православие ва католицизм.

ЦIикIкIунисеб бутIа Европаялда гъорлъе унарел пачалихъал

Список территорий, находящихся под управлением другого государства, но официально не входящих в его состав, а также территорий, формально входящих в состав государств, но обладающих особым международным статусом или международной правосубъектностью.

ТIубанго пачалихъаллъун рикIкIинчIел пачалихъазул сияхI.




#Article 100: Рейс 17 Malaysia Airlines (214 words)


Доне́цкалда гъоркь Boeing 777 ккараб катастро́фа — авиациялъул катастрофа, 2014 соналъул 17 июлалда Украинаялъул ракьазда, Донецк областалъул Грабово абулеб росдада аскІоб ккараб. 

Malaysia Airlines компаниялъул Boeing 777 самолеталъ рейс гьабулеб букІана Амстердамалдаса Куала-Лумпуралде. Россиялъул гIорхъиялде 50 километр хутIараб мехалда халкъазда гьоркьосеб къотIи-къаяз бихьизабураб анцIазарго метралъул борхалъудаса цинтIаго гIодобе ун буго. Хадуб гьелъул цIа рекIарал хутIелал ратана Украиналъул территориялда. Гьеб лъугьа-бахъин ккола гьебго авиакомпаниялъул ахирисеб щуго моцІида жаниб ккараб кІиабилеб кІудияб лъугьа-бахъинлъун. Гьелда цебе ккун букІана Boeing 777 тІагІин. ЦІикІкІун гІадамал хвеялъул рахъалъ гьеб ккола авиациялъул тарихалда жаниб, 11 сентябрялъул лъугьа-бахъиналдаса хадуб кІудияблъун рикІкІараб лъугьа-бахъинлъун. 

Самолеталда рукІана 298 пассажир, гьезда гъорлъан 154 чи кколев вуго Нидерландазул ватІанчилъун, 27 австралиялъулав , 23 малайзиялъулав, 11 чи Индонезиялдаса, анлъго британиялъулав, ункъ-ункъ немцавги белгиялъулавги, лъабго Филиппиназул ватІанчи ва канадаялъулав. ХутIарал кинаб ватІанлъиялъул гIадамал ругелали чIезабулеб буго., гьел киналго хвана. Украиналъул ракьазда яргъид гІуцІцІараб конфликт унеб районалда бортана самолет.

Украиналъул премьер-министр Арсений Яценюкица лъазабуна, «лъугьа-бахъараб кколин халкъазда гьоркьосеб такъсирин ва гIайиб бугез жаваб кьезе кколин Халкъазда гьоркьосеб трибуналалда цебе»-ян.

Украиналъул президент Петр Порошенкоца жинидрго видеохитIабалда лъазабуна рагъ жидер улка тун къватIибе тIибитIанин.

Лайнер бортиялъул гIайиб лъида бугебали гьанжеги мухIканго чIезабун гьечIо. Амма Москваялъ рикIкIунеб буго гьеб бугин Киевалъул хIалтIи. Киевалъин абулеб буго, гIаксалда, аэроплан Россиялъ бортизабунин. Версияби руго гIемер. МухIканаб жаваб кьезе бегьула лъиданиги бачIеб халкъазда гьоркьосеб цIех-рехалъул къокъа гIуцIани.




#Article 101: Фонд Викимедиа (130 words)


Фонд Викиме́диа - ккола жиндие хайир щолареб фондлъун, ва жиндица кумек гьабулеблъун гьал хадусел проектазе: Википедия, Викикъамус, Викицитата, ВикитІехь, Викимактаб, Викидалил, Викигъамас, Викибаян, Викитайпа, Викихарбал, ВикижамигI, ,  ва гьеб ккола нухмалъи гьабулеблъун хІалтІи чІезе тараб энциклопедияб Nupedia проекталъе . 

Бищунго цебетIун-щущан унеб гьеб гIуцIцIиялъул проект ккола эркенаб энциклопедия Википедия, гьебги буго 10 бищун гIемер гIадамал жани лъугьунеб веб-сайтаздасан цояб.

Википедиялъул цебетIейги бихьун, гьелъун гIахьалчагIаз гьарана цогиги гьединабго гIадаб гIадамазе кумек гьабулел сайтал рагьеилан:

Попечителазул Шура ккола фондалъул бетIер. Гьезда гъолъ уна 10 чи:

Шураялда гъорлъ уна рищаралги цогидаз лъун таралги гIадамал. Рищабазул датаялда балагьун, июн ва июл моцIазда хисула рищарал попечителал, цогидаз лъурал — декабралъ.

Викимедиалъул проектал тIолго гIаламалъе руго. Гьел церетIеялъе квер бакъула региональниял ракьалдаго ругел ва жедер Викимедиалъул отделения-илан цIар бугел гIуцIцIияз. Гьединго гьелъие кумек гьабула гIадатиял гIадамаз.




#Article 102: Линк (523 words)


Ли#769;нк яги Ссы́лка — документ яги гьелъул бутIа идентифицировать гьабулеб хъвай-хъвагIай. ХIалтIизе гьабула цо документ цоги документгун бухьизе яги гьезул бутIаби цоцалълъ рухьизе. ЦIурабги гIаммабги идентификация гьабула мактабазул хъвай-хъвагIазда.

Гьединго хIалтIизе гьарула терминал жанисеб линк (документалъул цоги бутIагун бухьен гьабулеб) ва къватIисеб линк (цо документ цогидабгун бухьине гьабулеб).

Ссылки как средство указания на источник приводимой информации существуют и в устной речи, и на письме ровно с тех пор, как эти самые средства передачи информации появились. Особенность ссылки — её краткость: не требуется приводить часть текста (цитировать), а достаточно лишь указать источник.

Инжилалъул текстазда линкалъул сипат гIемериса гьадинаб букIуна — «, 8:2». 

Для обычных книг существуют несколько других типов написания ссылок, один из них, к примеру, такой (пишется обычно в круглых скобках):

Наибольшее развитие система ссылок получила в такой отрасли книжного дела, как словари и энциклопедии. Например, в предисловии к Большой советской энциклопедии (3-е изд., 1969—1978) указывается: «Для облегчения читателю нахождения необходимых сведений в Энциклопедии применяется система ссылок. Название статьи, на которую даётся ссылка, набирается курсивом». Таким образом, зачастую ссылки для облегчения поиска набираются отличным от основного текста шрифтом.

Принципиально новое слово в практике использовании ссылок было сказано в 1991 году с изобретением сотрудником Европейской лаборатории физики элементарных частиц (CERN) Тимом Бернерсом-Ли идеологии World Wide Web, или Всемирной паутины — совокупности веб-страниц с различным, в том числе мультимедийным контентом и, главным в контексте данной статьи, — гиперссылками, что, как пишет Интернетско-русский разговорник, вообще «является фундаментальным свойством веб-страниц». Причём ссылкой в данном случае «может являться не только некоторая часть текста, но и картинка или ее часть».

Главным отличием простой «текстовой» от гиперссылки является то, что щёлкнув мышью по последней, вы моментально сможете просмотреть источник информации, на который ссылается автор статьи или сайта. При этом полностью исключаются утомительные поиски литературы, хождение по библиотекам и многочасовое вдыхание книжной пыли — оригинал можно прочесть через считанные секунды после «клика».

В последние годы Интернет вообще и ссылки в частности становятся предметом философских исследований. В частности, итальянский семиолог, писатель и философ Умберто Эко в одной из своих лекций, прочитанной на экономическом факультете МГУ 20 мая 1998 года, высказал идею, что «Если телевидение, ориентирующее на зрительный образ, ведёт в конечном счёте к упадку грамотности, то компьютер, так или иначе предполагающий работу со словами (чтение строк на экране, ввод данных, общение в чатах), реанимирует умение работать с печатными текстами».

Кандидат философских наук, доцент В. А. Емелин, опираясь на идеи Эко, указывает:

Если обычный текст является линейным…, то… гипертекст открывает новые «поперечные» измерения… Читая книгу, мы не можем покинуть её пределов, при этом не расставаясь с ней. Когда её содержание вынуждает обратиться к другим источникам, то нам приходится отложить один текст, уйти за рамки его пространства и переключить своё внимание на другой… Гипертекст полностью меняет ситуацию… Применяемый во всемирной паутине язык HTML… обеспечивает мгновенный переход от одного текста к другому, причём, для этого не нужно покидать пространство исходного текстового поля: стоит указать на снабжённое гиперссылкой слово или предложение — и перед вами связанный с ним текст, первоначальный текстовой фрагмент при этом не исчезает, а лишь уходит на некоторое время на второй план. Текст, не теряя своих пространственных очертаний, обретает иное измерение, где он становится в буквальном смысле бесконечным, ведь от одной ссылки можно двигаться к другой и так далее без конца.




#Article 103: Сулаймание (мажгит) (135 words)


Сулаймание́ мажгит () — кІвар букІиналъул рахъалъ кІиабилеб ва размеразул рахъалъ тІоцебесеб бакІалда бугеб (кІвар букІиналъул рахъалъ тІоцебесеб — СултІан АхІмадил мажгит), 5000 муъминчиясе жаниб как базе бакІ гІолеб Истамбулалъул некІсияб рахъалъул Вефа мухъалда бугеб мажгит. 

Мажгит бана СултІан Сулайман Къанунчиясул амруялдалъун, 1550—1557 соназ Синан абулев архитекторас. Къубаялъул борхатлъи 53 метр, диаметр 26,5 метр, гьедин букІиналъ борхатлъиялъул рахъалъ цебе ккола гьеб амма гІеблъиялъул рахъалъ Айя София мажгиталдаса нахъе ккола.

Мажгиталда буго ункъго михІмар. АскІор руго хІамамал, мадраса, богорукъал, мактабаял ва моцІрода хадуб хал кколеб бакІ, гьединлъида гьеб кинабгогун цадахъ мажгит рикІкІуна шагьаралъул цо бутІаялъул гІанасеб площад бугеб комплекслъун (мужаммагІ). Мажгиталда жаниб гвангъи ва нур лъикІаб буго — 136 гордухъан жанибе канлъи бачІуна. 

Мажгиталъул азбаралда руго хобал, гьенир рукъун руго живго Сулайман СултІанги ва гьесул хирияй лъади Роксоланаги. Цо-цо баяназда рекъон, мажгит дагь-дагь ккун Меседил лълъар абулеб заливалда жанибе хъущтІулеб буго.




#Article 104: Инжил (3160 words)


Инжи́л ( —   — «тIехь»,  — Библ шагьаралда гьабулеб папирус) — ягьудиялдаги  христиан диналдаги мукъадасаблъун рикIкIунеб хъвай-хъвагIазул данд-бакIари. Православиял ва католикиял  Инжилалъул текстал протестанияб Инжилалъдаса гьабцоялъда НекIсияб Заветалда цогиги тIахьал рукIиналъ цоцалаздаса батIиял руго. Цояб Инжилалда абула «каноническияб гуребилян» ва цогидалъда «девтероканоническияб»-илан (гьебги католицизмалъул).

БатӀи-батӀиял Инжилазда цо-цо батӀалъаби рукӀуна. ЖугьутӀ Инжилалда (Танах) буго 24 тӀехьалъул 3 бутӀа: 5 тӀехь Тавраталъул («ГӀелму» яги «Къанун»), Невиим («Аварагзаби») ва Ктувим («Хъваял»). Танахалда «Аварагзаби» (Невиим) (Ктувим) хъваялдасан цебе буго ва гьелда жанир руго «цересел аварагзабазул» тӀахьал: Иисус Навинил тӀахьал, ДиванчагӀазул, 1 ва 2 Самуилил (1 ва 2 Ханлъиязул) ва гьединго 1 ва 2 Ханзабазул (3 ва 4 Ханлъиязул). Гьел киналго тӀахьал Паралипоменонил тӀахьал гӀадин тарихияллъун рикӀкӀула тарихчагӀаз. ЖугьутӀаз гьединго Даниилил тӀехь вахӀью гӀадин бачӀараб рикӀкӀунаро.

Насраниязул тӀахьазул состав батӀи-батӀияб буго. Масала, протестантазул къануналда 66 тӀехь буго, ХӀабаши православнияб килисаялъул - 81 тӀехь. Насраниязул инжилалъул тӀоцебесеб бутӀа ккола — НекӀсияб Завет — гьебги буго цодагьаб хиса-баси гьабураб 39 тӀехьалда бикьараб дандбакӀари.  ва Машрикъияб насраниялъ гьединго некӀсияб заветалда жубала второканоническиял тӀахьал. КӀиабилеб бутӀа буго — ЦӀияб Завет — 27 тӀехьалъул: 4 къануниял  ва , 21 хӀавариюназул кагъталб, гьединго .

ГӀемерисел хрисианаз Инжилалъул къанунияб тӀехьалъул кинабго хъвай-хъвагӀаял рикӀкӀула  хӀисабалда. Амма бищун некӀсиял Инжилал руго н.э. IV гӀасруялда ратарал. Танахалъул цӀунун хутӀарал ивриталда ва арамей мацӀалда хъварал хъвая-хъвагӀаял руго н.э. X гӀасруялъул. Инжил     бутӀрузда бикьана Стефан Лэнгтоница (XIII гӀ.) кучӀдузда Роберт Этьенница (XVI гӀ.). Инжилалдасан цо жоги босун хъвалеб яги абулеб мехалъ, гӀаммаб къагӀидаялъ абизе ккола тӀехь, бетӀер ва кечӀ кинал ругеяли.

НекӀсияб Завет хъван буго некӀсижугьутӀ мацӀалда (библейскияб иврит), цо-цо арамей мацӀалда хъварал бутӀаби хутӀизегӀан. ЦӀияб Завет хъван уго некӀсигрек мацӀалда (койне формаялда).

Инжил буго ва бищунго гӀемер бичун босулеб тӀехь,, гӀага-шагарго 100 миллион тӀехь цо соналда жаниб босула гӀадамаз.

ЖугьутӀаз жудорго тӀахьазе «Завет»-илан, «Мукъадасал хъваял»-илан, «Заветалъул тӀахьал»-илан «Къанун ва аварагзаби»-илан цӀарал кьолел рукӀун руго. Христианаз цинги ЦӀияб Заветалъул тӀахьазде абула «Евангелие»-илан ва «Апостол»-илан.

ТӀоцебе букӀараб тӀехь насраранияз ягьудиязухъан босараб ва жиндир аслияб цӀар Танах-илан бугеб;  гьелъие кьуна «НекӀсияб Завет»-илан цӀар, «ЦӀияб Завета»-лда данде кколеб къагӀидаялъ. Гьеб  ккола киналго  — ягьудазе, христианазе ва бусурбабазе.

НекӀсияб Заветалда жаниб уна 39 тӀехь, жугьутӀазда рекъон — 22, гьезулго алфавиталъул хӀарпазул къадаралда рекъон (яги 24 тӀехь, грек алфавиталъул хӀарпал рикӀкӀун). Ягьудиялда кинабго НекӀсияб Заветалъул 39 тӀехь бикьула 3 бутӀаялда: Таврат (Къанун), Невиим (Аварагзаби), Ктувим (Хъваял).

Руфь тӀехь ДиванчагӀазулгун цо гьабуни, гьединго Иеремиил гӀоди Иеремиил тӀехьгун, 24 тӀехьалъул бакӀалда 22 тӀехь лъугьуна. Иосиф Флавийица абулелда рекъон некӀсиял жугьутӀаца 22 тӀехь рикӀкӀунеб букӀун буго. Танахалда гьел тӀахьал цоялда хадуб цояб бачӀунеб къагӀида хвезабун буго дагьабго, ай гьенир гьел батӀияб иргаялда рачӀуна.

Христианствоялда гьел киналго тӀахьал къанунияллъун рикӀкӀуна.

Христианазул Библиялъул кӀиабилеб бутӀа — ЦIияб Завет буго, 27 тӀехьалъул дандбакӀари: ункъо Евангелие, , 21 хӀаварийиназул кагътал ва  (Апокалипсис). Гьел киналго  I гӀасруялъ некӀсиябгрек мацӀалда хъварал руго. ЦӀияб Завет буго насранияз жудор аслияб тӀехьлъун рикӀкӀунеб, амма жугьутӀаз гьеб кинниги рикӀкӀунаро.

ЦIияб Завет буго микьго чиясул: Матфейил, Маркил, Лукал, Иоаннил, Петрил, Павлил, Иаковилги Иудалги - хъвай-хъваялдалъун гIуцIцIараб. 

Славянияб ва гӀурус инжилалда бутӀуби-тӀахьал руго гьаб иргаялда:

Гьединаб ирга букӀунаро киналго Инжилазда, щайгурелъул Инжилалги батӀи-батӀиял ругелъул-ха.

Септуагинтаялда (грек мацIалда буссинабураб НекIсияб Завет) жеги 11 тIехь буго, жугьутI Инжилалда гьечIел. Гьезда гъоркьо уна:

Септуангитаялъул тIахьазда гьал хаду рехсарал къануниял гуреллъун рикIкIуна:

Гьал тIад рехсарал жал жугьутI Инжилалда гьечIо, гьел руго хаду-хадуб тIад жубарал жал.

Къануниял тӀахьал гурони руго гьединго Мукъадасаб Хъваялда (ай Сященное Писание) релъон хъван ругел хъвай-хъвагӀал, амма гьел килисаялъ берцинаб гӀамал-пишаялдасан, хасияталдасан нахъруссине гьарулеллъун рикӀкӀана, ва гьел апостольскияб божиялда рекъон гьечӀилан абуна. ТГьел хъвай-хъвагӀазда цӀар лъуна апокрифалилан (грек.  — бахчараб). Гьел хъвай-хъвагӀал хъвалел чагӀи гӀемерисел алда божарал чагӀи рукӀана.

Библия писалась разными авторами на протяжении многих веков, согласно традиционной точке зрения в христианстве — с XV в. до н. э. по I в. н. э., многие светские исследователи придерживаются мнений о более позднем происхождении книг Ветхого Завета. Некоторые современные исследователи придерживаются мнения о том, что большинство книг Ветхого Завета и все Евангелия были написаны анонимными авторами. Тексты Евангелий существовали в анонимном виде до начала второго века, когда им было приписано авторство.

Исторические церкви считают, что подлинность книг Священного Писания удостоверяет святоотеческое наследие: святые мужи первых веков, которые могли слышать проповедь Евангелия или от самих апостолов или от их ближайших учеников, составили канон книг, которые можно было именовать Священным Писанием (в отличие от предания и апокрифов). Считается, что подлинность книг определяется по соответствию содержания книг апостольской вере.

В XVIII веке достоверность традиционного приписывания библейских книг конкретным авторам была поставлена под сомнение. В настоящее время некоторые учёные считают, что большинство книг были отредактированы и изменены, и по этой причине восстановить содержание оригинала в наше время почти невозможно.

ЖугьутӀазе кӀвана гӀемераб заманаялъ Инжил гьедигӀано гӀемер хисв-баси гьабичӀого цӀунизе. Амма  хадуб жугьутӀ мацӀ цӀакъго хисана. Гьединлъидал Инжил бичӀунгутӀизе рекӀана, жугьутӀалги арамей мацӀалда кӀалъазе байбихьараб мехалъ. Хаду-хадуб хиса-басиял гьаризе ккана гъолъул.

 XIII гӀасруялдасан бахъараб  IV гӀасруялда щвезегӀан НекӀсияб Завет хъвала, хисизабула букӀана.

ЦӀияб заветалъул тӀахьал къанунияллъун рикӀкӀана Вселенскиял Соборазда. Амма цо тӀехь Иоанн Богословил вахӀью машрикъалда цӀакъго мистикиябиланги рикӀкӀун цо-цояца цӀализе цин цӀалуларо, гьем мекъаб бугиланги абун.

НекIсияб Заветалъул тIахьал: , , , , Второзаконие, , , , книги Царств — , , , , , , , , , , , , , , , ,  (включающая Плач Иеремии, Послание Иеремии и книгу пророка Варуха), , , , , , , , , , , , , , , .

ЦIияб Заветалъул тIахьал: Евангелие от Матфея, Евангелие от Марка, Евангелие от Луки, Евангелие от Иоанна, Деяния святых апостолов, Послание Иакова,  ва 2-е послание Петра ва , Послание Иуды, Послание к Римлянам,  2-е послание к Коринфянам, Послание к Галатам, Послание к Ефесянам, Послание к Филиппийцам, Послание к Колоссянам,  2-е послание к Фессалоникийцам, 1-е и 2-е послание к Тимофею, Послание к Титу, Послание к Филимону, Послание к Евреям, Откровение Иоанна Богослова.

Кодексал рикIкIула ЦIияб Заветалда бищун некIсияллъун:

Все они датируются (палеографически, то есть на основании «стиля почерка») IV в. н. э. Язык кодексов греческий.

В XX веке широкую известность приобрели Кумранские рукописи, обнаруженные, начиная с 1947 г., в ряде пещер  и в Масаде — самые ранние из сохранившихся текстов.

XVI гӀ. тIоцебе бикьана Инжил кучдузда.
Стихи были пронумерованы вначале Сантесом Панино (умер в 1541 г.), затем, около 1555 г. — Робером Этьеном. Существующая ныне система глав и стихов впервые появилась в английской Библии 1560 года. Деление не всегда логично, но от него уже поздно отказываться, тем более что-либо менять: за четыре века оно осело в ссылках, комментариях и алфавитных указателях.

Если 27 книг Нового Завета едины для большинства христиан (но не всех: часть древних церквей признаёт лишь 22 книги, часть же, (к примеру — Эфиопская) признаёт каноническими 35 книг НЗ), то во взглядах на Ветхий Завет у христиан есть крупные разногласия.

Дело в том, что там, где в книгах Нового Завета цитируется Ветхий Завет, эти цитаты чаще всего приводятся по греческому переводу Библии III—II вв. до н. э., именуемому, благодаря легенде о 70-ти переводчиках, Септуагинтой (по-гречески — семьдесят), а не по древнееврейскому тексту, принятому в иудаизме и именуемому учёными масоретским (по названию древних еврейских библеистов-богословов, упорядочивавших священные рукописи).

По сути, именно список книг Септуагинты стал традиционным для Древней Церкви как сборник книг Ветхого Завета. Поэтому все Древние Церкви (в частности, Армянская апостольская церковь) почитают равно благодатными и боговдохновенными все книги Библии, которые читали апостолы и сам Христос, в том числе и именуемые в современной библеистике «второканоническими».

Католики, доверившись Септуагинте, приняли эти тексты в свою Вульгату — раннесредневековый латинский перевод Библии, канонизированный западными вселенскими соборами, и приравняли их к остальным каноническим текстам и книгам Ветхого Завета, признав в равной с ними степени боговдохновенными. Эти книги известны у них как девтероканонические, или второканонические.

Православные же включают 11 второканонических книг и вставки в остальные книги в Ветхий Завет, но с примечанием, что они «дошли до нас на греческом языке» и не являются частью основного канона. Вставки в канонические книги они ставят в скобки и оговаривают примечаниями.

Реформация XVI в. н. э., отбросив многие нормы раннего христианства, предпочтя мнению Древней Церкви канон масоретов, отвергла и внесение в Ветхий Завет не сохранившихся на древнееврейском языке книг и частей книг. Современные протестантские вероучения основывают свои тезисы на масоретской Библии. Отсутствующие 11 книг из неканонической Библии поощряются к прочтению, хотя они и не считаются вдохновлёнными самим Богом. Англикане также печатают часть неканонических книг в Библиях для чтения верующими.

Къуръан определяет Тору (Таврат, ниспосланный Мусе; упоминается 18 раз), Тегилим (Забур, ниспосланный Дауду; упоминается 3 раза) и Евангелие (Инджиль; Коран не упоминает какое-либо из канонических Евангелий и считает христианское учение откровением, ниспосланным пророку Исе), как подлинное божественное откровение, впоследствии искажённое переписчиками. Вместе с Кораном и утраченными ныне свитками Ибрагима эти книги составляют китаб — исламский священный канон. Персонажи обеих частей Библии (например, Ибрахим (Авраам), Муса (Моисей), Юсуф (Иосиф), Иса (Иисус)) играют в исламе важную роль, и вера в боговдохновенность этих книг является одним из фундаментальных догматов ислама, хотя из-за внесённых искажений в Таурат, Забур и Инджиль, мусульмане руководствуются только Кораном.

Другие религии также находят вдохновение в Библии. Например, она играет важную роль в растафарианстве и считается одним из многих важных священных писаний в .

По информации Германского Библейского общества (24 февраля 2005), Библия полностью или частично переведена на 2377 языков народов мира, полностью издана на 422 языках.

В 382 г. св. Иероним Стридонский перевёл Ветхий Завет с греческого на латинский; в переводе Ветхого Завета Иероним основывался на Септуагинте. Этот перевод стал известен как Вульгата —  ( означает «широко распространённый, общеизвестный»).

В 405 г. создатель армянского алфавита Месроп Маштоц вместе со своими учениками перевёл всю Библию на современный тогда армянский, ныне древнеармянский язык (грабар), который поныне является официальным языком Святой Армянской Апостольской Церкви, и назвал её Աստուածաշունչ մատեան ([Astuacašunč' matean], дословно «Богодухновенное писание»). Ветхий Завет (Հին Կտակարան, [Hin Ktakaran]) и Новый Завет (Նոր Կտակարան, [Nor Ktakaran]) переводились с греческого (Септуагинта) и сирийского (Пешитто).

К 500 г. Библия была переведена более чем на 500 языков, а столетие спустя, в 600 г., использование Библии в Западной Европе было ограничено лишь Вульгатой. Это было связано с доминированием Римско-католической церкви, которое продолжалось около 1000 лет до начала Реформации.

В 1380 г. профессор Оксфорда Джон Виклиф сделал первые рукописные переводы Вульгаты на английский язык. Один из последователей Виклифа Ян Гус активно проповедовал его идею, что люди должны сами читать Библию на своём языке. За такие речи в 1415 г. Гус был сожжён на костре по обвинению в ереси, для растопки костра использовался перевод Библии Виклифа.

В 1450 г. Иоганн Гутенберг изобрёл книгопечатание и для начала напечатал Библию на латинском. В 1517 г. Мартин Лютер — идеолог Реформации, — сформулировал свои знаменитые 95 тезисов и перевёл Библию на немецкий.

В IX веке Библия была переведена на язык, понятный восточным славянам. Перевод был предпринят братьями-миссионерами Кириллом и Мефодием — «первоучителями и просветителями славянскими». Их родным языком предположительно мог быть вариант староболгарского языка, на котором разговаривали в их родной Солуни; воспитание же и образование они получили греческое. Перевод Библии на славянский язык Кирилл и Мефодий осуществили с помощью составленной ими славянской азбуки — глаголицы; позже была создана кириллица на основе греческого алфавита.

Списки с кирилло-мефодиевского перевода распространились среди восточных славян, что способствовало крещению Руси. Не сохранилось ни одного экземпляра какого-либо библейского текста с первоначальным переводом Кирилла и Мефодия; однако, без сомнения, он имел влияние на все последующие.

Со временем в переписываемых от руки книгах Библии накапливались ошибки, пропуски, толкования и вставки с целью ясности, замены болгарских слов русскими аналогами и т. п. Некоторые священные книги бесследно исчезли. Поэтому митрополит Алексий (1332—1378 гг.), в бытность свою в Константинополе, запасся греческими списками Нового Завета и по ним составил весь перевод на славянский язык. Много исправлений внёс митрополит Киприан, серб по происхождению (1378—1406 гг.). Некоторые книги переводились даже с еврейского текста (по распоряжению митрополита Филиппа).

В XV веке архиепископ Геннадий поставил задачу собрать книги Священного Писания в единую Библию на славянском языке. Он организовал поиск частей славянской Библии по монастырям и соборам. Часть книг найти не удалось, и их перевёл с латинской Вульгаты монах Вениамин. Экземпляр Геннадиевской Библии сохранился до наших дней. Ныне используемая православной церковью в богослужении в России и других славянских странах Библия отличается от текста Геннадия лишь мелкими (но многочисленными) исправлениями.

На протяжении столетий русский язык развивался и изменялся, но славянский перевод Библии в течение многих веков по-прежнему оставался в употреблении.

С появлением на Руси книгопечатания книги Священного Писания стали печатать на церковнославянском языке.

В 1564у основатель типографского дела в России «первопечатник» Иван Фёдоров издаёт книгу «Апостол», в которую вошли Писания Нового Завета: Деяния Апостолов и их Послания. Эта книга на церковнославянском языке была первой напечатанной в России.

А в 1581у впервые была напечатана полная церковнославянская Библия. В тексте её, однако, иногда встречались ошибки и неточности. В последующих изданиях ошибки эти старались исправлять.

По указу императрицы Елизаветы в 1751 году была издана тщательно исправленная церковнославянская Библия, так называемая «Елизаветинская», текст которой был сверен с древним греческим переводом — Септуагинтой. Елизаветинская Библия, с незначительными правками графического характера, до сих пор используется как авторизованный для богослужения текст в русском православии.

В первой половине XVI века уроженец Полоцка, доктор медицины Франциск Скорина переводит все книги Ветхого Завета на современный ему западнорусский язык. Перевод, сделанный им с латинской Библии Иеронима (Вульгата), был напечатан в 1517—1525 годах в Праге и Вильне.

В 1703у царь Пётр I принимает решение издать Новый Завет на русском языке. Он поручает перевод его немецкому пастору Глюку, известному своими филологическими трудами. Работая в Москве, пастор Глюк заканчивает перевод. Но в 1705 году пастор Глюк скончался, и после его смерти оставленный им перевод исчез.

В 1813 году в России было основано Российское библейское общество, поставившее своей целью печатание и распространение книг Священного Писания среди народов страны. Было решено продавать их по низкой цене и бесплатно раздавать неимущим. В 1815 году, после возвращения из-за границы, император Александр I повелел «доставить и россиянам способ читать Слово Божие на природном своём российском языке». Вновь был поставлен вопрос о русском переводе Библии.

Ответственность за издание книг Священного Писания на русском языке взяло на себя Российское библейское общество, перевод был поручен членам Петербургской духовной академии.

В 1818 году первое издание четырёх Евангелий параллельно на русском и церковнославянском языках вышло из печати, а в 1822 году впервые был полностью напечатан русский Новый Завет. Затем стали переводить и печатать книги Ветхого Завета. Одновременно делались переводы Священного Писания и на языки других народов Российской империи.

Некоторые представители высших церковных властей отрицательно относились к деятельности Библейского общества. Они считали, что Библия должна находиться в руках духовенства и что не следует давать возможность народу читать и изучать её самостоятельно. В 1824 году митрополит Серафим просит царя запретить Библейское общество. В апреле 1826 года по указу императора Николая I деятельность общества была прекращена. К этому времени типография Русского библейского общества успела напечатать около миллиона экземпляров книг Священного Писания на 26 языках народов России.

После запрета деятельности Общества работа над русским переводом Библии приостановилась. Вскоре была прекращена продажа русского Нового Завета.
Однако первенствующий Московский митрополит святитель Филарет (Дроздов) в 1858 году всё же добился у царя разрешения на перевод и печатание Священного Писания на русском языке. Перевод осуществлялся под руководством Синода (высшего управления Русской Православной Церкви).
Была проделана большая работа для того, чтобы русский перевод книг Священного Писания как можно больше соответствовал текстам древних подлинников, а также обладал литературными достоинствами.
В 1862 году, сорок лет спустя после первого издания русского Нового Завета, было выпущено в свет второе его издание, несколько улучшенное, на более современном русском языке.

Решено было заново тщательно подготовить перевод всех книг Ветхого Завета. Для этого в 1860 году был избран специальный комитет при Петербургской духовной академии. Перевод Ветхого Завета делали профессора Петербургской духовной академии: М. А. Голубев, Е. И. Ловятин, П. И. Савваитов — известный археолог и историк, Д. А. Хвольсон — христианин еврейского происхождения, профессор Петербургской духовной академии. Много потрудился над переводом также профессор Киевской духовной академии М. С. Гуляев.
Перевод Ветхого Завета осуществлен с древнееврейского (масоретского) текста Библии, а Нового Завета — с греческого. Переводчики руководствовались также греческим текстом Септуагинты, пользовались латинским переводом Иеронима и ранее сделанным русским переводом.

В 1876 году впервые вышла из печати полная русская Библия. Текст её иногда называют «синодальным», так как она была издана под руководством Синода. Произошло это почти три века спустя после появления первоначальной церковнославянской Библии.
Язык этой Библии обладает несомненными литературными достоинствами. Благодаря его эмоциональности и ритму, русский перевод близок по форме к стихотворениям в прозе. Издание русской Библии было важным событием в истории русского христианства и русской культуры.

Патриарх Тихон и Всероссийский поместный собор в 1918 году задумали приступить к новому переводу Писания, но осуществлению этого замысла помешала внутрицерковная борьба с обновленческим расколом.

С 1953 по 1970 годах в русских эмигрантских кругах за границей шла работа над так называемым парижско-брюссельским переводом Нового Завета. Основную роль здесь сыграли епископ Кассиан (Безобразов), А. Васильев, Н. Куломазин. Перевод делался по изданию Нестле и был издан Британским и Иностранным Библейским обществом. Переводчики пытались предельно приблизиться к современному разговорному языку.

Инжилалда рехсарал персонажазул сияхIалда буго 1000 цIар.

Инжилалъул археологиялъ гӀемер кумек гьабуна дол библейскиял заманаз рукӀарал гӀадамазул рукӀа-рахъин кинаб букӀарабали лъазабизе. Гьеб археологиялъул хӀасилазда тӀасан батӀи-батӀиял пикраби руго. Библейскияб максимализмалда рекъон НекӀсияб Завет буго унго-унгояб доб заманаялъулаб тарих, амма динияб рахъалдасан жуба-хъубай бугеб. Гьелда данде бачӀуна — библейскияб минимализм. Гьелда рекъон Инжил ккола гӀицӀцӀго асиравунхадусаб заманаялъул техь (н.э.г. V гӀасру ва гьелдаса хадуб). Кин бугониги, гӀелмияб жамагӀаталъ Инжилалъул цо-цо жал рикӀкӀуна тарихалда рукӀкӀаралилан абун; мисалалъе, вавилоналъул асир гьез щаклъиялда восунаро.

История Древнего Израиля и Иудеи X-VII века до н.э. остаётся предметом жарких споров в научном сообществе. Большинство учёных признаёт библейские события VIII-VII вв. до н.э. историческими, тогда как вопросы по более раннему Израильскому царству, в т. ч. историчность царя Давида, весьма далеки от окончательного вердикта. Решающее значение могут иметь археологические находки, например стела из Тель-Дана. Учёные не признают историчность таких событий, как исход из Египта, странствование по пустыне или эпоха Судей. Исторический контекст Римской империи I века н.э., в котором происходят события Нового Завета, изучен достаточно хорошо. Велись споры об историчности Иисуса Христа, но в настоящее время большинство учёных признаёт его одним из известных бродячих проповедников Римской Иудеи I века н.э., распространявшем своё учение в период религиозных потрясений и сектантского иудаизма Второго Храма.

Она вдохновляла на создание великих памятников человеческой мысли, литературы и искусства, и в то же время потворствовала худшим проявлениям человеческой жестокости, корыстолюбия и ограниченности. Она побуждала к великим свершениям во имя свободы и развития человечества, и в то же время служила идеологической подпиткой для порабощения и угнетения народов. Этот источник религиозных и нравственных норм объединяет людей, помогает заботиться друг о друге и защищать ближнего своего; но именно это сильное чувство принадлежности служит благодатной почвой для роста этнической, расовой и международной напряжённости и развития конфликтов.

Библейская критика исследует непосредственно текст Библии для определения авторства, времени составления и авторских намерений. Её следует отличать от критики Библии, отрицающей её, как источник информации или кодекс нравственного поведения, так как она может содержать ошибки перевода.

В XVII в. Томас Гоббс собрал все имеющиеся доказательства того, что Моисей не мог написать основной объём Торы. Вскоре после этого Барух Спиноза опубликовал критический анализ, в котором утверждал, что проблемные места Библии — не единичные случаи, которые можно разобрать один за другим, а общее место во всех пяти книгах: «То, что Пятикнижие написано не Моисеем — ясно, как солнце в полдень».

Жакъа гIелмияб сообществоялъ инжил гIелмуялдаги тарихалдаги рекъон битIараб документлъун рикIкIунаро, гьединго битIараб берцинал хулукъазул мисаллъунги. ГIемерисел насранияз инжил рикIкIуна «Бичасул вахIьюлъун», амма руго рикIкIунарелги: хIарп ккун гьелда гIенеккизе кколарилан абулел. Цо-цо бищунго консерватиял къокъаби чIун руго «Яков ханасул инжил» бугила бищун битIарабги, бахIс жинда тIасан гьабизе кколаребги ингилис мацIалда  таржама. ГIемерисел христиан диналъул фундаменталистаз ва ортодоксальниял ягьудиязги абула, Инжил бугин бищун битIараб, гъалатI лъалареб, ва гIумру гьабиялъе унго-унгояб мисал.

Кидаго гIадинн жакъаги Инжилалъул состав хIакъалъулъ буго кIудияб суал. Ягьудияз ЦIияб завет рикIкIунаро, гьединго гIемерисел насранияз ЦIияб Заветалъул апокрифал, цо-цо  отрицают вообще все библейские тексты, кроме евангельского учения Христа.




#Article 105: ЛъарагІ мацІ (146 words)


ЛъарагӀ мацӀ (жедецаго абула къумукъ тил) — ЛъарагӀазул мацӀ. ТӀибитӀун буго Дагъистаналде, Буртиялъул шималалда ва Шималияб Осетиялъул Моздок мухъалдаги. Турк мацӀазул кыпчак группаялде (гьездасан ккола карачаевгун-балкар, ногъай ва цогидал мацӀал) гъорлъ уна. Гьеб мацӀалде кӀалъалел чагӀазул къадар бахуна 450—500 азар чиясда (балагье. ЛъарагIал).

ЛъарагӀ мацӀ «литературиял мацӀаллъун» рикӀкӀунел Дагъистаналъул анлъго мацӀаздасан ккола. Гьединго лъарагӀ мацӀалда басмаялда кьабула «Ёлдаш» газета.

Гьанжесеб лъарагӀ алипба: А а, Б б, В в, Г г, Гъ гъ, Гь гь, Д д, Е е, Ё ё, Ж ж, З з, И и, Й й, К к, Къ къ, Л л, М м, Н н, Нг нг, О о, Оь оь, П п, Р р, С с, Т т, У у, Уь уь, Ф ф, Х х, Ц ц, Ч ч, Ш ш, Щ щ, Ъ ъ, Ы ы, Ь ь, Э э, Ю ю, Я я.

ЛъарагӀ мацӀалда руго хадур рехсарал диалектал:




#Article 106: ЦIияб гIажам ضێياب عاجام (300 words)


Гьел гурелги, руго «в»-ялъул кумекалдалъун рихьизарулел лабиалиял /кIутIби цIутIизарун рахъулел / гьаркьал:

Гв - ڬو , гъв - غو , гьв - هو , дв - دو , зв - زو , кв - كو , къв - قو , кьв - ڨو , кIв - گو ,

лъв - ڸو , св - سو , тв - تو , тIв - طو , хьв - ڮو , хъв - څو , хв - خو , цIв - ضو , чв -چو ,

чIв - ڃو , лълъв - ڸّو , кIкIв - گّو , чIчIв - ڃّو , ккв - كّو , ссв - سّو , ххв - خّو .

а - ТIоцебесеб хIарп а - ا , масала,

алжан - الجان

ахбазан - اخبازان

б - и, у, о, э(ъе)  хIарпазде цебе  ئ  хъвала, масала,

иту (ъиту) - ئێتۇ

ургъел (ъургъел) - ئۇرغېل

охцер (ъохцер) - ئۈخصېر

эркенлъи (ъеркенлъи) - ئېركېنڸێ

кIиго гьаркьилал хIарпал (а, и, у) нахъ-цебе хъван рукIани, масала, гьабилаан, гьезда гьоркьоб гьамза хъвазе буго 

гьабилаан  (гьабилаъан) - هابێلائان

беэнаб  (беъенаб)  - بېئېناب

кIиго гьаркьилал хIарпазда гьоркьоб гьамза хъвала, масала, -

рии (риъи) - رێئێ

Кирилицаялда хъвалаго нилъеца, масала, юргъан хъвала, гIажамалда хъвалаго буго يۇرغان йургъан, элъул магIна ккола, тIоцересел хIарпал я, ё, ю рагIул байбихьуда рукIани, хъвазе ккола йо - يۈ , йу - يۇ , йа - يا . Масала,

ёхарай (йохарай) - يۈخاراي

екеризе (йекеризе) - يېكېرێزې

ячизе (йачизе) - ياچێزې

Рагӏи бакьулъ нахъаги кIиго гьаркьилаб хIарп (я, ё, ю) нахъ-цебе букIани гьоркьоб й хъвазе ккола, масала,

Цее (цейе) - صېيې

диеги (дийеги) - دێيېڬێ

дуеги (дуйеги) - دۇيېڬێ

Гьаркьикъал хӏарпазда нахъ я(йа) хIарп букIани, масала, дунял (дунйал), хъвазе ккола دۇنيال

Дунял (дунйал) - دۇنيال

хъвазе буго рагIулеб куцалда, масала,

Низам ( نظام ) хъвазе буго نێزام

Рамазан (رمضان )  хъвазе буго رامازان




#Article 107: ГІалиев, МухІамадил ГІадалло (248 words)


ГІадалло ГІалиев (гь. 1932 соналъул 15 февралалъ, Шамилил мухъалъул ГІурада росулъ - хв. 2015 соналъул 30 августалъ МахІачхъалаялда) - Дагъистаналъул ва магӀарул шагӀир, хъвадарухъан. Прозаик ва публицист. Дагъистаналъул ва Ичкериялъул халкъазул конгрессалда Шамил Басаевасул наиб.

ГІадалло гьавун вуго 1933 соналъул октябрь моцIалъ, амма халкъалда гьоркьоб тIобитIараб къо-моцI рагIула гьесул паспорталда мекъи хъварал баянал.

Дагъистаналъул тарихчи ГІаламуддин Шайхилавияс ГІадалоца бицун гьесул рокъоб хъвараб, шагIирасул гIумрухъваялдаса цо бутIа буго гьаб рагIалдехун бугеб сураталда. Гьениб хъван буго:

Барзик ГIабдуллагьил (гIага-шагарго 1796 с. гьавурав) вас ГIалил вас МухIамадгIалил вас ГIалил вас МухIамадил вас ГIурадаса Гьидалъев ГIадалло, гьавуна кьучIаб баяналда рекъон 1933 соналъул октябрь моцIалъ, амма паспорталда хъван бугеб тарих мекъи буго. Гьаб кинабго буго жиндирго ГIадаллол кIалдисан хъвараб. Гьабги хъвана ГIадаллол рокъоб ГIаламуддин Шайхилавияс

Машгьурлъана магӀарул шигӀруялъул классик ва гьанжесеб Дагъистаналъул сиясатияб гІуцІиялъул критик гӀадин. Гьесул хӀисабалда гьелъ дагъистаналъул халкъалда тӀад босун буго деэтнизациялъул ва деисламизациялъул курс. КъахІибалъул гьоркьохъеб школа лъугІизабун хадуб (1949 с.), гьев Дагъистаналъул педагогияб институталъул заочнияб бутӀаялде лъугьуна. Байбихьулелал классазул мугІалимлъун хӀалтӀана. Черхалъе захӀматал ругънал ккезарунилан 5 соналъ жанивги тӀамуна. Амнистиялдалъун (Сталин хвеялъул хӀисабалда) къватӀиве виччана. Школалъул гӀелалда байбихьана кучӀдул ва асарал хъвазе. «БагІараб байрахъ» газеталде хӀалтӀизе ахӀун вукӀана. 1957 соналъ Москваялда М.Горькиясул цӀаралда бугеб адабияталъулаб институталде лъугьана цӀализе. Гьеб лъугӀизабун хадуб, 1965 с. «Знание» ЖамагӀаталъул референтлъун, «Лачен», «Гьудуллъи» журналазул, «Исламалъул нух», «Кьоял» газетазулги редакторлъун хӀалтӀана. 1990 соналъ Дъагъистаналъул Хъвадарухъабазул Союзалъул магӀарул секциялъе бетӀерлъи гьабуна. 1992 соналъ сиясатиял гӀиллабаздалъун СССРалъул Хъвадарухъабазул Союзалдасан къватӀив ана ва Дъагъистаналъул Хъвадарухъабазул Союзалда хӀалтӀи тана.

ГӀадаллоца бицуна буго магӀарул халкъалъул, мацӀалъул, тарих ва маданияталъул.




#Article 108: Indonesia AirAsia компаниялъул 8501 рейс (384 words)


Indonesia AirAsia 8501 рейс —  авиакомпаниялъул низамалда гьабулеб, Сурабая—Сингапур маршруталъул гІадамал раччулеб рейс. 2014 соналъул 28 декабралъул шамат сордояъ гьеб рейс гьабулеб букІараб самолет Airbus A320-216 тІагІана Джуанда аэропорталдаса боржаралдаса хадуб. Гьелда тІад рукІана 155 рекІаравги 7 экипажалъулавги.

Самолет къватІибе бахъана Джуанда аэропорталдаса 5:35 бакІалъул заманалда (UTC+7) ва гьеб рещтІине кколаан 8:30 SST (UTC+8). БакІалъул заманалда рекъон 07:24 (SST) самолеталъулгун бухьен тІагІана. Гьеб заманаялда гьеб букІана Ява ралъадалда тІад Калимантаналдаги Яваялдаги гьоркьоб.

Airbus A320-216 заводалъул номер 3648 гъоркь, тІоцебесеб роржин гьабуна 2008 соналъул 25 сентябралъ ва заводалъ хІалбихьиял гьарулебгІанаб заманаялъ гьеб букІана хъвай-хъвагІаялъул номер  гъоркь. Гьелъул кІиябго къватІибехунисеб турбовентиляториял двигателал рукІана CFM International CFM56-5B6/3 моделалъул, ва салоналъул пассажирал жанире унеб къадар — 180 бакІ эконом-классалъул (конфигурация Y180). 2008 соналъул 16 октябралда авиалайнер лъугьана индонезиялъул авиакомпаниялде , цІияб хъвай-хъвагІаялдаса хадуб —  номерги щвана.. Кинабниги самолёталъ гьабураб хІалтІи бахана 23 азарго сагІтиде ва 13,6 азарго къотІел «боржин-гІодобчІей».

Самолёталъ роржен гьабизе кколеб букІана Сурабая — Сингапур — Семаранг — Сингапур — Сурабая маршруталда. Щибаб этапалъул рейсазда данде кколел номерал рукІана AMQ8501, AMQ663, AMQ662 ва AMQ8502. 8501 рейс боржине кколаан планалда рекъон Джуанда аэропорталдаса (Сурабая) 27 декабралъул къаси сагІат 22:20  UTC, ва рещтІине кколаан 28 декабралъул къаси сагІат 00:30 UTC Чанги аэропорталда (Сингапур). Къаси сагІат 22:35 UTC (05:35 бакІалъул заманалда рекъон), ай расписаниялдаса 15 минуталъ кватІун, 155 пассажиргун (138 чІахІиял, 16 гІиссинал ва 1 лъимер) ва 7 экипажгун, къватІибе бахъана 8501 рейс Джуанда аэропорталъул 10 чІолоялдаса, цинги квегІиса свериги гьабун гьелъ ккуна 329° курс, Ява ралъдалъехун балагьун.

СагІат 22:54 самолёт бахана 320 рорженалъул уровеналде (9,8 км) ва дагьабго свери гьабуна квегІисехун, 319° курсги ккун. Цинги 10 минуталдасан цоги нухалъ квегІисехун свери гьабуна, гьелъул хІасилалда курс хисана 310°. 23:12 (06:12 бакІалъул заман) экипажалъ бухьен гьабуна Джакартаялда бугеб гьаваялъул багъа-бачариялъул бетІерлъи гьабулеб централъулгун ва бицана пиригун бугеб чвахун цІадалдаса лъутун сверун унаго рорженалъул маршруталдаса квегІисехун сверараллъи. Гьединго гьез изну тІалаб гьабуна 380 рорженалъул уровеналде (11,6 км) рахине изну. самолеталъулгун ахирисеб радиохурхен букІана сагІат 23:16 минут араб мехалда. СагІат 23:18 UTC (06:18 бакІалъул заман) 8501 рейс тІагІана индонезиялъул гьаваялъул багъа-бачариялъул бетІерлъи гьабулеб хъулухъалъул радиолокаторазул экраналдаса, ва 23:24 итнут араб мехалда экипажалъулгун тІубанго бухьен тІагІана. Flightradar24 сайталъул баяназда рекъон, 8501 рейс гьеб заманалда букІана Ява ралъдада тІад 320 рорженалъул уровеналда, кутакалда гучаб пиригун чвахун цІад бугеб бакІалдас аскІоб. Самолеталдасан ракьалде къварилъи ккеялъул кинабгІаги сигнал бачІинчІо.

Баяназда рекъон,  щвезегІан самолет бугеб бакІ яги гьелъул хутІелал ругеб бакІ чІезабун гьечІо.




#Article 109: «Charlie Hebdo» казияталъул редакциялда кьвагьдей (822 words)


БакIалъул заманаялъул 11:30 араб мехалда лъабго щалали лъаларев вачIун вуго чIегIераб кьералъул «Citroën» маркаялъул автомобилалда рекIун «Аллагьу Акбар» абун ахIулаго цинги гьел редакциялда жанире кIанцIун руго ва гьениб кьвагьдон руго Калашниковасул автоматалдасан ва гранатомёталдасан, хадуб байбихьун буго лъугьа-бахъин ккаралъуре рачIарал полициялъулаздаги гьев лъабасдагоги гьоркьоб цоцаде кьвагьдей. Гьужум гьабурал лъутун рорчIун руго «Renault Clio» маркаялъул автомобилалдаги рекIун, лъалеб гьечIо гьел араб рахъ.

Гьеб лахIзаталда редакциялда букIун буго данделъи. Медицинаялъул идараялда хIалтIулес журналистазе кьураб баяналда рекъон, гьужум гьабураз цин чIван вуго тIоцебесеб тIалаялда вукIарав цояв, хадуб гьел рахун руго кIиабилеб тIалаялде ва гьениб басмаханаялда рукIарал редакциялъул хIалтIухъабазда бассаризабун буго.

Гьужумалъул хIасилалда хун вуго 12 чи, гьездаса кIиго полициялъул хIалтIухъан — гьеб заманаялъ гьенире рачIарал; гьединго анкьгояв лъукъунги вуго. ГIаммаб куцалда зиян лъугьаразул къадар 20 чиясде бахун буго.

Гьужумалъул хIасилалда хвана 12 чи, гьезда гьоркьор ккана, лъугьа-бахъин ккаралъуре хIалтIулаб машинаялда рачIарал кIиго полициялъулавги, Фрэнк Бринсолэро ва АхIмад Мерабе.. Цебе лъазабун букIана, зиян ккаразул къадар 20 чиясдасаги цIикIкIун бугоян.

ЧIваразда гьоркьор ккана — «Charlie Hebdo» журналалъул бетIерав редактор ва карикатурачи Стефан Шарбоннье. «The Daily Telegraph» казияталъ бицухъе, Шарбонье вукIун вуго «Ал-КъагIидаялъул» «чIегIераб сияхIалда». Ал-КъагIидаялъул рагъухъабаз гьесда хадуб чан ккун букIана, МухIаммад аварагасде  гьес карикатура бахъи сабаблъун.

Гьединго чIвана машгьурал карикатурачагIи , ,  ва журналист .

Франсиялъул жанисел ишазул министр  лъазабиялда рекъон, гьужум гьабун буго лъабгояс, полициялъ абулеб буго жеги ункъабилевги вукIун ватулаян - машинаялда жанив, гьел лъутун рачIинегIан чIарав шофер абун

БритIаниялъул «The Telegraph» казияталъ лъугьа-бахъин бихьарав, 33 сон барав Седрик Ле Бешел рагIабазда бан кьурал баяназда рекъон, гьужум гьабилалда цебе хIинкъикьолез къотIносан унезда абун букIун буго, информалатазда бице жал Ал-КъагIидаялъул мужагьидзаби ругоян. Гьединго, Ле Бешел рагIабазда рекъон, гьужум гьабуразда букIун буго чIегIераб, рагъул стилалъул ретIел ва тIадхурал маскабиги лъурал капюшоналги; цо хIинкъикьолесухъ букIун буго гранатомёт.

Хадубккун хIинкъикьолезул цIарал лъана: «Est Republicain» абулеб зарбоялда бахъулеб идараялъул рагIабазда рекъон, гьев лъабавго вуго — Франсиялъул ватIанчагIи-гIарабаллъун. Гьелги руго кIиго вац Шериф ва СагIид Куаши, ва гьединго ХIамид Мурад. франсиялъул поициялъ шаклъи ккаразул суратал къватIахъ чIван руго.

Сатирияб казият «Charlie Hebdo»ялъе кьучI лъуна 1969 соналъ. Гьеб журналалъ чанго нухалъ бахъун къватIибе биччан букIана исламалде ва хассгьабун МухІаммад аварагасде  карикатура. Ахирисеб гьединаб басмаялда тIибитIизабилъун ккана 2012 соналъул сентябр моцIалда, «Бусурбабазул гIайиб гьечIеблъи» абураб филмалъул рахъ ккун редакция кIалъай ва гьеб филмалда хадуб гIарабазул ва бусурбабазул пачалихъазда Америкаялъул дипломатияб ишазул минабазде гьарурал гьужумал какиги..

Гьаб гьужумалда цебеги казияталъул редакциялде чанго нухалъ гьужум гьабун букIана. 2011 соналъул ноябралда Шарли Эбдоялъул редакциялде рехун рукIана жаниб кьвагьулеб лъамалъи букIарал шушби

 Франсиялъул президент Франсуа Олландица хитIаб гьабуна, жинда жаниб ишара гьабураб, щибго щаклъи букIунгутIиялда, ккараб такъсирияб иш хIинкъи кьей букIиналда. «ЦогIаги вахIшияб ишалда кIоларо прессаялъул эркенлъи къатIинабизе. Нилъ — цо пачалихъ, жинда ккаралъе жаваб кьун ва цолъун бажарулеб», — абун лъазабуна гьес. Гьединго Олланд живгоги вачIана лъугьа-бахъин ккараб бакIалде.

Франсиялъул премьер-министр Мануэль Вальсица лъазабуна, «киналниги ресал хIалтIизаризе руго гьел чагIи щалан лъазабизе, гьеб гьабизе ургъаразда хадуб хал кквезе ва гьел тамихIалде рачине»-ян.

Гьебго къоялъ тIолабго франсиялда лъазабуна лъабго къойил зигара бай.

 Азарбижаналъул президент Илгьам ГІалиевас Франсуа Олландихъе кагъат битIана :
Лъугьараб балахьалда хурхун, дирго ва азарбижаналъул халкъалъул цIаралда загьир гьабулеб буго дуе, хваразул ва лъукъаразул хъизамазе, кинабго Франсиялъул халкъалъеги гъваридаб зигара, гьарула лъукъаразе хехаб сахлъи.

 Аргентинаялъул пачалихъалъ лъугьараб теракталда вахIшиябин цIар лъуна.

 Бельгиялда гIадамал  ракIарана Франсиялъул вакиллъиялда цере, ккаралда рекъонгутIи загьир гьабизе.

 Болгариялъул президент Росен Плевнелиевас зигарудул кагъат битIана Франсиялъул бетIерасухъе.

Болгариялъул хIукуматалъул бетIер Бойко Борисовас гьал рагIаби абуна лъугьаралда тIасан:

Гьаб бидулаб, хIинкъикьеялъул ишалъ нижер ццим бахъинабуна зулмуялдалъун инсанасул гIумру тIагIинабиялда ва рагIул эркенлъи зиян гьабиялда. Нижеца загьир гьабулеб буго, гьаб нилъее ва тIолабго Европаялъе захIматаб заманаялъ ниж Франсиялъул халкъгун рукIин. Ниж къваридал руго зиян ккаразул гIагарал-гIунтIаралгун. Гьаб хинкъикьей битIараблъун рикIкIине бегьизабулеб щибго гьечIо.

 Римазул Папа Францискица кутакалда какана «вахIшияб куцалда гIадамал чIвай».

 КIудабритIаниялъул премьер-министр Дэвид Кэмероница ккараб лъугьа-бахъин какун абуна: «Парижалда ккараб чIвай-хъвей буго нахъечIвараблъун. Нижеца квер чIвала франсиялъул халкъалда, хIинкъикьеялда данде ва информациялъул алатал цIунун гьез гьабулеб рагъулъ», — абун, гьес хъвана жиндирго «Твиттералда».

 Алманиялъул федералияй канцлер Ангела Меркелица франсиялъул бетIерлъиялъухъе зигара бан телеграмма битIана:

Франсиялда ккараб гьаб рокьукъаб теракт кколаро гIицго франсиялъул ватIанчагIазде ва Франсиялъул жанисеб хIинкъибукIунгутIиялде гьабураб. Гьеб гьужум буго кинанго ритIухъ гьабизе бегьулареб, рагIул ва прессаялъул эркенлъиялде гьабураб.

 Гуржиялъул МИДалъ зигара бан, къварилъи загьир гьабуна гьужумалъул хIасилалда хваразул ва зарал ккаразул гIагарал-гIунтIаразе. «Гьаб, рагIул эркенлъиялде данде гьабураб вахIшияб ишалъ, цоги нухалъ бихьизабулеб буго, кигIан хIинкъикбей цIикIкIараб бугеб радикалияй пикраби ва цадахъ лъугьун халкъалдагьоркьосел жамгIиятаз кIвар кьезе кколеблъи, бищун жиб квешаб - хIинкъикьеялде», — ян бачIана МИДалдасан.

 Россиялъул президент Владимир Путиница какана хIинкъи кьей кинаб гьеб бугониги ва гьес гъваридаб зигара бай загьир гьабуна хваразул гIагароъиялде ва киналниги парижалъулазде ва тIолабго франсиялъул халкъалде.

 АЦШ президент Барак Обама «цIакъ кутакал рагIабаздалъун» какана гьабураб гьужум. ХъахIаб рукъалъул пресс-секретарь Джош Эрнестица лъазабуна, Америкаялъул Цолъарал Штатал хIадур ругин Франсиялда цадахъ лъугьун, гIайибиял хъирщиялъе кумек гьабизеян.

 ЦМГІялъул бетIерав секретарь Пан Ги Муница абуна, казияталлъул редакциялде гьабураб гьужум кколин демократиялде ва рагIул эркенлъиялде гьабураб гьужуман. Цолъарал Миллатазул ГІуцІцІиялъул бетIераб минаялда журналистазда цеве вахъараб бакIалда гьес зарал ккаразул гIагарлъиялда ва тIолабго Франсиялъул халкъалда зигара бай загьир гьабуна..

 НАТОялъул бетIерав секретарь Йенс Столтенбергица лъугьа-бахъиналде абуна, гьеб бугин «прессаялъул эркенлъиялде гьабураб ццим бахъинабулеб гьужум» - абун.




#Article 110: Закатул фитІри (247 words)


Закатул фитІри яги КІал биччаялъул закагІат() — ккола бусурманчиясда кьезе тIадаб закагІаталдаса цо тайпалъун. Гьеб кьезе тIалъула кIалбиччан къоялъул гIидалъул как балелда цебе.

Закатул фитІри - ккола щибав бусурманчиясда жиб кьезе тIадаб садкъалъун, байрамалъул къоялъги сордоялъги жиндиего ва жиндица напакъат кьезе кколел чагIазе кваназе гIолеб жо бугони. Рукъалъул хважаинас кьола жиндир напакъаялда гъоркь ругел щиназдаса закагIат. Нагагьлъун лъимер гьабуни, Рамазан моцIалъул ахирисеб къоялъ бакъ тIерхьун хадуб, гьеб лъимадудаса закагIат бахъизе тIалъуларо. Гьединго закатул фитІри кьезе тIалъула бусурманав гурев чиясдаги (капур) жинца напакъа кьезе кколел бусурбаби ругони (эмен, лъимал, лагъзал ва гь.ц.).

Закатул фитІри кьола хIажатав, мискинав чиясе. Гьелъул цо чиясдаса кьезе тIадаб къадар буго цо сахІ, гьеб кьолеб ракьалда жиндалъун бетIербахъи гьабулеб тIагIамалдалъун. Масала, Европаялда ругел гIадамаз кьола ролъул яги пурчІинадул цо сахІ, Жанубиябгун-Бакъбаккул Азиялда ругел бусурбабаз кьола - гьула, ГIарабазул пачалихъазда ругеца кьола - чамасдак. СахІ () — ккола цIайидул роцен, 4-го огъохъаталда жаниб унеб жоялда жиб ращадаб, цIайиялдалъун борцани 3,300 граммалда бащадаб (хІанафил мазгьабалда рекъон), ялъуни 2,176 грамм (хутIарал сунниязул мазгьабазда рекъон). Закатул фитІри кьезе лъикIаб буго кванидалъун, аварагасул  заманаялъ букIараб куцалда. Амма гьелъул къадар гIарцудеги сверизабун, гIарцудалъун закагIат бахизе бегьизабун гьечIо гIицIго Іханафил мазгьабалда гурого. ГIемерисел бусурбабазул кIвар гьечIолъиялда бан, закагIат кьезе кколел гIадамазухъе ккезабичIого хутIула гIидалъул какдаса рахъинегIан, гьединаб хIалалда гьеб закагIатлъун рикIкIунаро, гIадатияб садакъалъун гурони. Закатул фитІри кьезе мустахIикълъула гIадамазул микьго тайпа, Аллагьас Къуръаналда закагІат кьезе рихьизарурал.

КІал биччан моцI лъугIидал закагIат кьеялъул хIикматлъун ккола, гьеб моцIалъ кIалал кколаго ккарал гъалатIал рацIцIунеб (капаратлъун) букIине, гьединго байрамалъул къоялъ роххел загьир гьабизе мискинал, пакъиразеги рес щвезе.




#Article 111: Африка (151 words)


А́фрика — Евразиялдаса хадуб дунялалъул кІодолъиялъул рахъалъ кІиабилеб континент; хьундасеб рахъалъ Африка ккураб буго Ракьдагьоркьосеб ралъадалъ, БагІараб ралъадалъ — хьундасебгун бакъбаккул рахъалда, Атлантикияб ралъадалъа бакътІерхьудаса ва Гьиндустаналъул океаналъ бакъбаккудаса ва бакъда рахъалдасан. Африкаян гьединго абула дунялалъул бутІаялъул цоялде, жинде гъорлъе Африка метерикги ва гьелда аскІор ругел чІинкІиллъабиги унеб. ЧІинкІиллъаби рикІкІинчІого, Африкаялъул гІатІилъи буго 29,2 млн км², чІинкІиллъабигун цадахъ — 30,3 млн км²-ялде гІагарун; гьелдалъун, Африкаялъ ккола дунялалъул гІаммаб тІадрахъалъул 6 %-ги ва ракъдаллъиялъул тІадрахъалъул 20,4 %-ги. Африкаялда буго 55 пачалихъ.

Африкаялъул халкъалъул къадар буго миллиард чиясде гІагарун. Африка рикІкІуна тІоцеве гІадан вижарав бакІлъун.

Африкалъул континент къотІула экваторалъ ва гІемерал гьава-бакъалъул зонабаз; гьеб ккола цІохІо бугеб континент, жибги шималияб субтропикияб зонаялдаса бахъараб жанубияб субтропикияб зонаялде щвезегІан бугеб. Гьоркьоса къотІулареб гІазу-цІадалги лъалъалъулги  — гьединго цІоромугІрулги ва мугІрузул системаялъул лъел горизонталъулги — гІунгутІи букІиналъ, гьава-бакъалъул тІабигІияб рекъезаби ралъадазул ва океаналъул рагІаллъиязда хутІизегІан гьечІо кибиниги.

Маданияталъулал, экономикаялъулал, сиясаталъулал ва жамгІиял суалал лъазаби тІубазабула африканистика гІелму.




#Article 112: Туркал-гІусманиял (131 words)


ГІусманиял — ГІусманиязул империялъул аслияб халкъалде абулеб букIараб цIар (1299—1923 сс.). ЦIар бачIана ГІусманиязул империялъул тIоцевесев султIанасул цIаралдасан.

XI гІасруялда Азиялъул гIатIидал ракьал, гьансежеб Турциялъул ва Туркменистаналъул ракьалгун цадахъ, сельджуказул пачалихъалъул кверщаликье ккун рукIана. Малик султІанасул заманаялъ (1072—1092) туркал-сельджуказул ханлъиялъул гуч завалалде щун букIана достигло своего апогея; Маликида хадур рачIарал гьесул наслуялъул заманаялъ гьеб гучаб пачалихъ биххана ва цо букIаралъул лъугьана цо чанго гIиссинал пачалихъал, хадуб ккун бейликал абураб цIаралдалъун лъазе лъугьарал.

XIII гІасруялда Эртогърул-беясул бетIерлъиялда гъоркь букIараб, туркменазул алахъаздаса къватIибе ккезабураб тюрказул цо къавм — кайы — бачIана БакътIерхьул рахъалде ва чIей гьабуна ГьитІинаб Азиялда, ва гьениб гьез кумек гьабуна турказул бищун кIудияб пачалихъ - Кониялъул султІанаталъул султIан — ГIалауддин Кей-Кубадие Византиялъулгун гьес гьабулеб букIараб рагъулъ. Гьабураб кумекалъухъ баркалаялъул хIисабалда ГIалауддиница Эртогърулие кьуна Вифиния абулеб Анкараялда ва Бурсаялда гьоркьоб бугеб бакалда ракь (гьел шагьаралги гьечIого)...




#Article 113: Лъим (123 words)


Лъим (Водородалъул оксид) — бинарнияб организмаялъулаб гуреб жубай, гьелъул химиялъулаб формула буго - Н2O. 

Лъималъул молекула буго кӀиго водородалдасанги ва цо — кислородалдасанги лъугьараб жубай. Гьел атомал цоцазда рухьун руго ковалентияб бухьеналдалъун. 

Стандартиял шартIазда гьеб букӀуна лъамияблъун, жиндир кьер(дагьаб къадаралда), махӀ ва тӀагӀам гӀечӀеб.

Агрегатиял хІалазда лъим букӀуна лъабго батӀияб:

Дунялалъул океаналда жаниб уна 97,54 % ракьалда бугеб лъел, ракьуда гъоркь бугелъул (подземный) — 0,63 %, цӀорол гІусазул — 1,81 %, гӀоразул ва хӀоразул — 0,009 %, материкабазул цӀамІӀалал лъимазул — 0,007 %, атмосфераялъул — 0,001 %.

Лъамияб лъим букӀуна планетабазул спутниказул гъаталда гъоркь, цIикIкIун рес буго гьеб букIине Юпитер спутникалъул Европаялда букIине.

Гидроло́гия — лъималъул тӀабигӀат лъазабулеб гІелму.

Чиясул гӀелалдаги цӀайалдаги балагьун инсанасул чорхолъ 50 % бахъараб 75 % щвезегӀан лъим букӀуна.




#Article 114: АхӀмаднабиев, СайгидахӀмадил Исраил (229 words)


СайгидахӀмадил Исраил АхӀмаднабиев (Абу-ГӀумар Саситлинский), (гьавуна 1980 соналъул 13 сентябралъ, ЦӀияб-Сасикь, Дагъистан, РСФСР, СССР) — исламалъул дагӀватчи ва жамгӀияв цевехъан.

Специализация: шаргӀияв диванчи.

Гьесул эмен вуго СайгидахӀмад АхӀмаднабиев — магӀарул шагӀир, бизнесмен, 9 соналъ ЦӀияб-Сасикь росдал администрациялъул бетӀерлъун вукӀарав. Эбел - Зарбат Денгаева. Исраилил руго 6 вацги ва 1 яц. Гьесул йиго 4 чӀужу ва гьабсагӀаталъ 15 лъимер буго гьесул: 12 вас ва 3 яс.

Росулъ бугеб гьоркьохъеб школа лъугӀизабун хадув Исраил гьенибго бугеб мадрасаялда цӀализе рекӀана. 

Лъабго соналдасан, 2000-леб соналъ гьев ана гӀелму лъазабизе Шамалда (Сириялда) ва гьенив Димишкъ шагьаралъул «Абу Нур» исламияб жамигӀалъул гӀараб мацӀ малъулеб бутӀаялде цӀализе лъугьана. 

Гьебги лъугӀинабун 2001 с. гьев  Димишкъалда бугеб Аль-Азгьар жамигӀалъул «ФатхӀуль-Ислами» филиалада шаргӀияб факултеталда цӀалана. Гьенибго бакалавриаталъул, магистратураялъул ва аспирантураялъул цӀалул программаби лъугӀине гьаруна.

Лъабго соналдасан, 2012 соналъул 20 октябралъ, гьесул хӀаракаталдалъун рагьана гьеб центр, хӀафизазул мадрасаги ятимазул центрги жинда гъорлъ бачунеб.

Гьелъие ва цоги хӀажатаб бакӀалде гӀарац бакӀарулеб букӀана Дагъистаналда Абу-ГӀумарица гӀуцӀараб ва жив гьелъул бетӀерлъун вугев кумекгьабиялъул «Ансар» фондалъ.

Ракъун чӀейги лъазабун, ахӀи-хӀурги гьабураб мехалъ, бащадал жанир тӀамурал къватӀир реччана. Нижеца абула букӀана ниж гьанир ккун чӀезариялъул гӀила бице-ян, амма тӀубарал моцӀазги гӀадамазе гьеб лъалеб гьечӀо. Туснахъалъул бетӀерлъун йиго чӀужу-гӀадан. Нежехъеги ячӀун сородилаго бичӀизабуна ниж гьанир ккеялъул гӀайибал жал гьечӀин, система бугин. Ниж мекъса, зулмуги гьабун гьанир ккун букӀинги доз жедецаго абула буго. Гьанже сабруги гьабун ругоха. Аллагьасда гьарулеб буго диеги цогидал жанир тӀамурал бусурбазеги эркенлъи кье-ян.




#Article 115: Норвегия (118 words)


Норве́гиялъул Ханлъи, Норве́гия (, ) — Шималияб Европаялъул пачалихъ, Скандинавияб бащадаб чІинкІиллъиялъул бакътIерхьул рахъалдехун ва Скандинавияб бащадаб чІинкІиллъиялда аскIор ругел рикIкIен гIемерал гIисинал чIинкIиллъабазда ва гьединго Шпицберген архипелагалда, Шималияб ЦІорол океаналда ругел Ян-Майен ва Цидул чIинкIиллъабазде щун жиндир ракь гIатIидаб пачалихъ.

Норвегиялъ гIорхъалаби гIахьал гьарула лъабго пачалихъалъулгун: Швециялъулгун — бакъбаккудасан, Финляндиялъулгун ва Россиялъулгун — шималиябгун-бакъбаккул рахъаздасан. Пачалихъалада сверун руго Баренцево ралъад — шималиябгун-бакъбаккул рахъалда, Норвегиялъул ралъад — бакътIерхьуда ва Шималияб ралъад — жанубиябгун-бакътIерхьул рахъалда.

Пачалихъалъул цIар бачIараб буго цебескандинавияб Norðrvegr — абураб рагIиялдасан, жиндир магIна кколеб «шималияб рахъалдехун нух» - абураб.

ХӀукмуялъул низам — конституциялъулаб монархия, пачалихъияб гIуцIцIиялъул низам — цолъараб. Хан — Харальд V, премьер-министр — Эрна Солберг. Норвегия бикьула  11 фюлькеялде (губерниязде), официалиял гурел 5 аслиял икълимазда жал данделъулел. 

Столица Норвегиялъул тахшагьар ва хIукуматалъул резиденция — Осло.




#Article 116: Салман ибну ГІабдулгІазиз СагІуд (173 words)


Салман ибну ГIабдулгIазиз СагІуд (; гь. 31 Декабралъ 1935 соналъул, Ар-Рияд) — СагІудиязул ГІарабиялъул хан, кІиябго хІарамалъул хъулухъчи ва Ал СагІудазул наслоялъул бетIер. Ханасул ханбакIалде вачIана 2015 соналъул 23 январалъ жиндирго вац, хан ГIабдуллагь хун хадуб.

Салман — ккола СагӀудиязул ГӀарабиялъул тIоцевесев хан ГІабдулгІазиз ибну ГІабдурахІман СагІудил вас, гьев вукIана Пагьд ханасул бищун божарав гIакълучилъун. ХанбакIалде вачIишалда цебе гьев вукIана тушман нахъе чIвалеб министерлъун (2011—2015) ва Ар-Рияд ракьалъул бетӏерлъун (1963—2011).

Гьавуна 1935 соналъул 31 декабиралъ Ар-Риядалда, СагIудил хъизамалда 25-ев лъимерлъун, ХІасса бинту АхІмад Судайрие. Байбихьул лъай гьесие щвана ибну СагIудица жиндирго лъималазе бан букІараб Ар-Риядалъул ханзабазул школалда. Салманица тІалаб гьабуна динияб ва дунявияб гІелмаби.

Салманил 18 сон букІараб мехалъ, гьесул эмен, хан ГIабдулгIазизица, 1953 соналъул март моцІалда гьев вихьизавуна жиндирго вакиллъун ва Риядалъул амирлъун. 

Жиндирго вац Наип ибну ГІабдулгІазиз хун хадуб, 2012 соналъул июналда амир Салман тІамана СагІудиязул ГІарабиялъул ирсилав амирлъун, ва гьединго бетӏерав министерасул наиблъунги. 

Живго хІукмуялде вачІиналъул хІурматалда Салманица кІиго моцІалъул харж бикьана пачалихъиял хъулухъчагІазе, пенсионеразе ва цІалдохъабазе, тІаса лъугьун тана 500 азарго жамгІиял ишазухъ жанир ккарал ва 133 азарго долларалде бахараб магъалоялги.




#Article 117: МухІаммад ТІагьир аль-Къарахий (231 words)


МухІа́ммад ТІагьи́р () — дагъистаналъул машгьурав гIалимчи, факъигь, Кавказалъул рагъул тарихчи ва имам Шамилил хъвадарухъан. Гьев ккола авторлъун, фикъгьиялъул хъвараб «ШархІуль мафруз» абураб тIехьалъулги ва имам Шамилил бетIерлъиялда гъоркь Кавказалъул халкъаз эркенлъиялъе гIоло ва дин цIунун гьабураб рагъул лъугьа-бахъиназул бицунеб  «Барикъату ссуйуфиль джабалийа фи багIдиль гъазавати шшамилийа» —абураб тIехьалъулги. Миллат - магІарулав.

МухІаммад ТІагьир гьавуна 1809 соналъ, ЦІулда росулъ (гьанже ЧӀарада мухъ). ЧIван къотIун гьев гьавураб къо-моцI лъадеб гьечIо. Гьавураб мехалда гьесие кьун буго МухІаммадилав абун цIар. Хадуб ккун гьев жиндалъун халкъалда гьоркьов лъараб цIар, гьесие кьун буго Имам Шамилица. Гьесие жидерго заманалда щвана,лъикӏаб лъай. Цӏалана, Къородаса Къурбан-Мухӏамадида, Ангъидаса Мустапӏада, Гьунухъа Хӏажи-Дибирида, ва Гьидалъа Мухӏамад-Аминида цеве. Цӏали лъугӏун хадуб, хӏалтӏизе лъун вукӏана, Къарахъ мухъалъул Кьорош росулъ, къадилъун. 1850 соналдаса нахъе хӏалтӏун вукӏана, имамасул кумекчилъун, ва мирзалъун.Къокъаб заманалда вукӏана Имаматалъул муфтийлъунги. Рагъ лъугӏун хадуб гочана Темирхан-Шураялде(жакъасеб Буйнакск)ва хӏалтӏулев вукӏана къадилъун. Хадув лъугьана Дагъистаналъул халкъияб судалда кӏудияв къадилъун. Гьеб гӏумруялъул заманалда жаниб гьес хъвана, жиндирго тӏахьазул аслияб бутӏа. Мухӏаммад- Тӏагьир хвана жиндирго гӏагараб Цӏулда росулъ(жакъасеб Чӏарада мухъ)1880 соналда. Жакъа къоялда гьесул хоб лъугьун буго зияратлъун.

Мухӏаммад Тӏагьир вуго гьал хадур рехсарал тӏахьал хъварав чи:

Гьелда тӏад гьев хӏалтӏана, 1830 соналдасан байбихьун, 1872 соналде щвезегӏан,гӏамм гьабуни 42 сон. Доб замалда букӏараб тӏалъиялъ, тӏехь басмаялде бахъизе биччачӏо, тӏехь къокъ гьабуниги, цензураялъ гьеб къабул гъабичӏо, 1941 соналъ гӏараб мацӏалдасан гӏурусалде гьелъул таржама гьабуна, машгьурал гӏурусазул гӏарабистаз, А.М Барановас,ва И.Ю Крачковскияс, басмаялда гьеб бахъана гӏицӏго 90 соназул авалалда.




#Article 118: Кампора-Сан-Джованни (234 words)


Ка́мпора-Сан-Джова́нни (, ,) — ккола къилабияб Италиялда Калабрия регионалда бугеб шагьар. 2012 соналъ гьабураб халкъалъул рикІкІеналда рекъон, гӀадамазул къадар бахуна 7 340 чиясде. Ракь — 6.2 км².

Кампора-Сан-Джованни буго Тиррен ралъадалъул рагӀалда, гьениб бугеб цо тӀалъиялда тӀад. АскӀор ругел борхалъабазда чагъир гьабизе хьала цӀибил ва  батӀи-батӀиял нахулал культураби. Гьанисан панарома байбихьула Ламеция-Терме заливалдасан роцӀцӀарал къояца жиндир кӀкӀуй гьенисан бихьулеб Стромболи вулканалде швезегӀан.
Кампораялъул порталдасан ралъдал бухьен буго Эолий чӀинкӀилъиялда швезегӀан.

Экономикаялъ туризмалда ва рекьариялда мугъ чІвай гьабула.

Округалда гьединго буго ралъдал курорт. Туризм цебетӀеялъе кӀудияб роль хӀала 2003 соналъ бараб порталъ, Липар чӀинкӀилъабазухъ унеб нух жинца бигьа гьабулеб.

Дарам-базаралъе кӀудияб кумек гьабула шоссе SS18, маххулнухлул гӀаркьел, халкъаздагьоркьосеб Ламеция-Терме аэропортгун тӀубараб округалъулго бухьен гьабулеб АЗ автострада гӀадинал транспортиял коммуникацияби рукӀиялъ.

Кампора-Сан-Джованни шагьаралъул сверухълъиялда руго гьал хадур рехсарал росаби:

Античнияб заманалъ Кампораялъул ракьалда букӀун буго ТӀадегӀанаб Грециялъул кӀиго шагьар:

Гьеб кӀиябго цоцалалгун тушманлъи гьабулеб шагьар пиратаца биххизабуна.ГӀадамал магӀарде лъутана. Хаду гьеб шагьар лъагьана тӀаде рачӀарал финикийцазул, греказул, румазул, варваразул, гӀарабазул, византийцазул ва норманназул коллониялъун.

Гьанжесалаб заманалда экономикаялда тӀоцебесеб бакӀ ккола ах-хуралъ ва туризмалъ.

XIV гӀасруялъул борхатаб си буго цохӀого-цо бугеб некӀсияб бакӀ. Гьелъие цӀарги швана бакӀалъулаб мацӀалда U Turriune-абун («кӀудияб си»). Цо дагьаб цебе бана порт (2002) ва мукъадасав Паолоса Францискасул цӀаралда бугеб площад. ГӀемерисал бертаби,гӀидал гьенир гьарула, аскӀор ругел росабаздасан гӀадамалги рачӀуна гьенир.

БакӀалъулаб богогьанлъиялда жаниб уна пер-хералъул ва ччугӀаялъул квен, гьединго гӀатӀалъул кондитерлъиялъулаб тӀагӀам, болъоналъул гьанил сосискабиги.

Шагьаралда гьарулел чагъираздасан ккола Savuto ва Gallo тайпаби.




#Article 119: МахІмуд Жалалудин-апанди ад-Дагъистани (579 words)


МахІмуд Жалалудин-апанди Дагъистани (, гьав. 1750 соналъ) — турк каллиграфиялъул устар, хатIатІ, гIалимчи. 

Гьавураб тарих мухIканго лъалеб гьечIо, амма 1774 соналда хъвараб цо пуланаб мажмугIалда ругел баяназда рекъон, МахIмуд­ апанди гьавураб сонлъун рикIкIине бегьулеб буго 1750 сон. 

Гьев Турциялде вачIана жиндирго эмен накъшубандияб тIарикъаталъул шайих МухIамад-­апандигун цадахъ. ва гIумру гьабизе тIаса бищула ГIусманиязул империялъул тахшагьар Истамбул. Рокъоб ислам диналъул гIелмаби цIаларав, гIараб хатIалдехун гIишкъу ккарав ва пагьму бугев МахIмуд Жалалудиница хIукму гьабула доб заманалъул машгьурал хатIатал Ахъ Малла ГIумар­апанди, МухIаммад Расим­апандил тIалиб ГIабдулатIип­апанди, Ямакзаде СалихI­апанди ва Абубакар Рашид­апанди гIадал устарзабазухъа дарс босизе. Амма, цо биценалда рекъон, хъачIаб гIамал­-хасияталъул, согIаб тIабигIаталъул чи вукIиналъ, гьез МахIмуд восун гьечIо жидедаго цеве цIализе.
Сабур гьабунгутIиялъе гIиллалъун магIаруласе хасиятаб гIамалкIодолъиялъул асар жиндилъ букIиналъ, цониги устарасул дарс, бетIералдаса байбихьун аххаде щвезегIан бачун, тIадкъарал хIалтIаби тIуран, кколеб ижаза босун гьечIо МахIмуд Жалалудиница. Гьединлъидал, живго хIалтIун, доб заманаялъул турказул машгьурал хатIатал шайих ХIамдуллагьил ва хIапиз ГIусманил асаразухъ балагьун, хъвадаризе ругьунлъиялъ, жинцаго жиндирго махщел цебетIезабун ва устарасул даражаялде вахун, цо хасаб стилалъул бетIергьанасул даражаялде щола МахIмуд Жалалудин.

ГIелмияб гIумруялъул байбихьуда гьев магIарулав турк жамагIаталда жанив лъалаан МахIмудил Мавдуд абураб цIар гъоркь хъварал асараздалъун. Хадуб гьес босана МахIмуд Жалалудин абураб цIар. Гьелъие гIиллаги лъаларо.

Устар гьечIого, живго жинцаго гIезавун, бищун машгьурав хатIатлъун вахъарав МахIмуд Жалалудин­апанди, шайих ХIамдулагьил ва хIапиз ГIусманил хъвай­хъвагIаязда тIад халатаб заманалъ хIалтIулаго, гьес жиндирго хасаб Жалали ХатI абураб машгьураб цо къагIида ургъула ва гьелъул хIасилалда, насхI хатIалъул школалъул бетIерасул даражаялда гьайбатаб цо къагIидаялъул бетIергьанлъун лъугьуна гьев.

Бечедаб ирс нахъе тана МахIмуд­апандица. Гьесул цIакъ берцинаб хатIалъ хъварал Къуръаналъулги, Къуръаналъул аятазулги ва диниял шигIрабазул, дугIабазул тIахьазги, хъорщодаги, ххамидаги хъварал шигIрабазул мухъазги, батIи-­батIиял хатIазул мисалал жанире рачарал мажмугIазги жидерго мустахIикъаб бакI ккун буго турказул музеяздаги коллекциябаздаги. Гьединго гьес нахъе тана некIсиял хатIазул асаразда релълъенарун хъварал шигIрабиги мажмугIалги.

Амма, биценазда рекъон, гьесул цогидаб, «жали сулс» абураб хатI букIун буго дагьабго хъачIаб, камиллъи гьечIеб, хIаракал загIипаб. Гьеб сабаблъун, гьеб дандекквезе бегьулареб букIун буго гьесулго заманаялъул машгьурав цогидав хатIат МустIапа Ракъимил хIаракатаб ва хIалуцараб сурат бугеб гьайбатаб къагIидаялде. Гьеб гьедин бугониги МахIмуд­апандил машгьурав тIалиб МухIаммад ­ТIагьирил бихьизабиялда рекъон, султІан ГIабдул Мажидица жиндир заманалда МустIапа Ракъимил нух босараб хатIатазул цо къокъа МахIмуд Жалалудин-­апандил нухдасан билълъине тIамун букIун буго. Амма падишагь хун хадуса гьезул гIемерисел жидерго устарасул нухде тIадруссун руго.

Цогидаб асаралда тIадегIанаб къимат кьолеб буго устарасул махщалилал къагIидабазе: 

ГІусманиязул империялда билълъараб практикаялда рекъон, падишагьасул пурманал хъвалеб цо хасаб хатI букIун буго – дивани хатI абураб. Гьеб хатIалъ МахIмуд Жалалудиница падишагьасул пурманал хъвалел рукIанилан абураб жо кибниги хъван гьечIониги, амма дивани хатIалъ МахIмудица хъвараб ва гьес гъоркь квер лъураб цо шигIруялъ нугIлъи гьабулеб буго гьев гьеб хасаб хатIалъулги кIудияв, бажари бугев устар вукIараблъиялъе. Гьаниб абизе ккола, МахIмуд Жалалудин­апандил чIужу Асма Ибратицаги танин жиндирго цIар хатIалъул сангIаталдайилан.

Ахираб заманалда Турциялда гьарурал цIех­рехазул хIасилалда ратана МахIмуд Жалалудин­апандица нахъе тарал гIемерал асарал: хъорщода, ганчIида, ххамида, батIи­батIиял бакIазда гьарурал хъвай­ хъвагIаял, гьесул квералъ хъварал диниял шигIрабазул мажмугIал ва гьел гурел цогидалги. Гьединго ратун руго гьесул лъади Асмал ва тIалиб МахIмуд­ТIагьирил квераз хъварал асаралги.

Истамбулалда, Босфоралъул рагIалда бугеб Иставроз районалда хъизангун цадахъ гIумру гьабулев вукIарав МахIмуд Жалалудин­апанди ад­-Дагъистани хвана 1829 соналда (гьижрияб 1245) ва вукъун вуго шайих МахIмудил дергахIалъул хабалазда. Гьанже гьев кIудияв гIалимчиясул ва хатIатасул хоб бугеб бакI лъалеб гьечIо, амма гьесул жибго зани цIунун буго гьеб дергахIалда. Гьеб зонода гІусманиязул мацІалда хъван руго гьадинал рагIаби: Huvel­Hayyul­Baki. Meєayih­i hattatinden Cennetmekan merhum ve mağfur Mahmud Celalledin Efendinin Ruh için el- Fatiha. Sene 1245, гьелъул магIна буго гьадинаб: Абадияв гIицIго Дов вуго. ХатIат шайихзабаздаса Алжаналда бакI щварав, рахIмат насиблъарав ва БетIергьан тIасалъугьарав МахIмуд Жалалудин­ апандил рухIалъе гIоло ал­ПатихIа. Сон 1245 (1829).




#Article 120: Батиров, ГІалаудинил Мавлет (104 words)


Бати́ров ГІалаудинил Мавлет (гь. 12 декабралъ 1983 соналъул , Дагъистаналъул АССР, СССР) — россиялъул эркенаб стилалъул гугарухъан, кIицIулго олимпиялъул чемпион (2004 ва 2008). Дагъистаналдаса магІарулав.

Батировасул гугариялде рокьи бачIинабуна инсуца, гьитIинаб заманаялдасаго бахъун батIи-батIиял турниразде ва къецазде гьевги вачун. ТIоцебесеб нухалъ инсуца Мавлетги гьесул гьитIинав вац Адамги спортивияб залалде рачана гьезул анкьго ва анлъго сонал ругеб мехалда. Батировас гIахьаллъи гьабураб тIоцересел къецал рукIана, Хасавюрталда тIоритIарал гIолилазул къецал, Батировас тIоцебесеб бакI ккурал. Гьеб мехалъ Мавлет Батировасул букIана анцIго сон ва гьесул цIайи букIана 22 килограмм. Гьесул тIоцевесев тренер вукIана Сайгидпаша ГІумаханов.

Россиялъул тIасабищараб къокъаялда Батиров вуго 2003 соналдаса бахъун. 

ГIумру гьабун вуго Хасавюрталда. ЧIужуги лъималги руго.




#Article 121: МахIач МуртазгIалиев (135 words)


МуртазгIалиев ТIалхIатил МахIач (гь. 1984 соналъул 4 июналъ Къеди росулъ) — россиялъул эркенаб стилалъул гугарухъан, 2004 соналъ Грециялда, Афинабазда рукIарал XXVIII Олимпиялъул хIаязул лъабабилев призёр, кIиго нухалъ гIаламалъул чемпион ва ва ункъо нухалъ Европаялъул чемпион. Россиялъул мустахIикъав спорталъул устар. 15 тIубараб мехалъ гьев бергьана ГIали ГIалиевский турниралда (54 кг). Гьединго гьев вуго бищунго махщел тIокIав ва дунялалъул бищун техгикияв гугарухъан. ЗахIматаб ругъунги шун, жиндир гугарухъанасул карьера хехгого лъугIизабизе ккана.

Миллат — магIарулав. Гьавуна ЦІумада мухъалъул Къеди росулъ.
Школа лъугIинабуна Хасавюрталда. Гьесул эмен, ТIайгибил ТIалхIат Хасавюрталъул цо училещалда устарлъун хIалтIулев вукIана. Гугаризе байбихьана 9 сон тIубаралдаса нахъе. ТIоцевесев тренер — ГIабдурахIман Мирзоев. Гьесдасан хадув гьесул гугариялъул махщелал камиллъизаруна машгьурав Россиялъул тренер МухIамад ХIусейновас. Гьесул буго кIиго тIадегIанаб образование — лъугIизабуна ДГПУялъул физкультурнияб факультет ва ДГУялъул юридическияб факультет. 2004 соналъул Россиялъул гугарухъбазул командаялда гьоркьов бищунго гІолохъанав спортчи.




#Article 122: ГІабдуллагь ибн ГІабдул МутІтІалиб (166 words)


ГІабдулла́х ибн ГІабд аль-МутІтІа́либ аль-Курайши́й (; ,  — , ) — МухІаммад аварагасул  эмен ва ГІабдул МутІтІалибил вас.

ГІабдуллагь вукIана ГІабдул МутІтІалибие кутакалда вокьулев васлъун. Гьев гьедун вукIана, жиндие 10 вас гьавуни цояв къурбаналъе гьавизе вугоян. Цо чанго соналдасан, васал кIудиял гIедал гьесда ракIалда щола жиндицаго кьун букIараб къотIи. Гьев анцIасулго кинав вас къурбаналъе хъвезе вугеван можоро рехидал, гьеб ккола ГІабдулллагьиде. Къурайшиязул гIакълуялда нахъ вилълъун ГІабдул МутІтІалиб нахъ вуссуна жиндицаго гьабун букIараб къотIиялдаса ва жиндирго васасул бакIалда гьес къурбаналъе хъола 100 варани.

Цогиязда данде ккун ГІабдуллагь батIа вахъулев вукIана гIажаибаб берцинлъиялдалъун, лъикIаб, берцинаб тIабигIаталдалъун. Гьединлъидал гIемерисел руччабаз нахъе чIвазе вукIинчIо гьев ригьинги босун вачIун вукIаравани.. 569 соналъ Абдуллагьица ячана цIар рагIарай яс Амина бинт Вагьб ва гьел кIиязего гьавуна хирияв МухІаммад авараг . Кинго вас гьавилалдего ГІабдуллагь хвана.

Холеб мехалда ГІабдуллагь ибн ГІабдул МутІтІалибил букIана 25 сон. ТарихчагIазул баяназда рекъон, ГІабдуллагь вахъун вукIан бича-хисиялъе Шамалдехун, гьенивеги щвечIого нухда захIматго унтун, Мажинаялде щвараб мехалъ хвана гьев.Цоги баяназда рекъон ГІабдуллагь холеб мехалъ аварагасул  букIанин хъвалеб буго 2 моцI.




#Article 123: Аминат бинт Вагьб (127 words)


Аминат бинт Вагьб (; ?, Макка — 577 , ал-Абваъ) — МухІаммад аварагасул  эбел, Бану Зугьра тухумалъул цевехъан Вагьб ибн ГIабдул Манапил яс.

Аминат бинт Вагьб гьаюна къурайшиязда гьоркьоб машгьураб ва хIурматияб хъизаналда. Аминатил чIван-къотIараб гьаюраб къо-моцI лъалеб гьечIо .

Гьашимиязул тухумалъул цевехъан ГІабдул МутІалибица жиндирго вас ГІабдуллагьие лъадилъун ячана Аминат. Аминат къинай заманалда, гьелъул рос ГІабдуллагьица бича-хисиялъе сапар бухьана Шамалде, кинго Мадинаялде щвечIого гьев хвана. ГІабдуллагь хун кIиго моцI индал Аминатие гьавуна вас, жинда МухІаммад  абун цIар лъурав. Гьеб заманаялъ къурайшиязул букIараб гIадаталда рекъон, гьитIинав МухІаммад  кьуна Бану СагІд къабилаялъул гIалхул гIарабазухъе, лъикIаб тарбия щвезе ва пасихIаб мацIалда кIалъазе лъазе. МухІаммадил  миллат гьабурай гIадан йикIана ХІалимат бинт Абу Зуайб.

Аварагас  5 сон бараб мехалъ Аминат захIматго унтана ва гьей хвана ал-Абваъ абулеб бакIалда. Аминат хвана гIага-шагарго 577 соналъ.




#Article 124: Хадижа бинт Хувайлид (127 words)


Хадижа бинт Хувайлид (;

Аварагасе  лъадилъун иналда цее Хадижа йикIана Бану Усайд тухумалдаса Абу Гьала ибну Маликил лъадилъун, гьесие гьавуна вас Гьинд ибну Абу Гьала ва яс Зайнаб бинт Абу Гьала. Абу Гьалада цеве гьелъул рослъун вукIана ГІатикъ ибн ГІабид ва гьесиеги гьаруна васги ясги, ГІабдуллагь ва Жария.
Жиндаса Аллагь разилъаялъ кидаго квер чIвалаан гIагарлъиялда, кумек гьабулаан мискиназе, ва хъизан ячине ресалда гьечIезе гьелъие квер бакъулаан.
Гьей гьарун гIемерал жодор къадру-къимат бугел, тIубараб ГІарабазул бащадабчІинкІиллъиялдаго цIар тIобитIарал бечедал гIадамал рачIун рукIана, амма гьелъ киназего инкар гьабуна.

Жиндилъ рукIарал лъикIал хасиятал сабаблъун Хадижатие щвана хадусе цIарал:

Хадижаца аварагасе  гьаруна анлъго лъимер:

Киналго васал хвана лъимерлъуда яги гIолохъанаб гIумруялдаго, киналго ясалин абуни хутIана аварагасухъе  авараглъи кьезегIан, кинацаго Ислам босана ва Маккаялдаса Мадинаялде гьижра гьабуна. Гьел киналго хвана авараг  хвелалдего.




#Article 125: ГІумар Хулуси Апанди Дагъистанли (444 words)


ГІумар Хулуси Апанди Дагъистанли () (1857 Дагъистан - ? Истамбул) - ГІусманияб империялъул сиясатчи, гІалимчи, шайхулислам.

Дагъистан халкъазул гIараб мацIалда букIараб адабияталъул гIелмияб цIех-рех гьабурав, гьелъие тIадегIанаб къимат кьурав академик И.Ю. Крачковскиясул руго гьадинал рагIаби: 

Гьел  рагIаби ритIухъ гьарулел мисалал магIарул тарихалдаса рачине бегьула гIемерал. Масала, Къудукьа Мусаласул, Гьидалъа Ибрагьим-хІажиясул, Хунзахъа Дибир-къадил, ГІаймакиса Абубакарил, имам Шамилил, Миякьоса ГIумар-хIажи Зиявудинил, ХӀоцоса Нажмудинилги гьесул вац ГIабдулатIипилги ва гьел гурел гIемерал цогидазулги гIумру ва гIелмияб хIаракат абадиялъ лъугьана миллияб ва исламияб тарихалде жанибе.

Амма руго жеги нилъеда лъаларел, рагIичIел, ватIаналда кIочон тарал цIаралги, чияр ракьалда жал загьирлъарал, батIиял пачалихъазул тарихалда жидеца гвангъараб лъалкI тарал. Гьединазул цоявлъун ккола ГIумар Хулуси-апанди Дагъистанли, жиндир хIакъалъулъ цIакъ мукъсанал гурони баянал гьечIев магIарулав.

ГIумар Хулуси-апанди гьавуна 1857 соналда Дагъистаналда, Гьидалъ жамагІаталъул росабазул цоялда МухIамад-ГIали абурав гIалимчиясул хъизамалда. ГIараб гIелмуялъул байбихьияб лъай гьесие щвана ватIаналда. 

ХIХ гIасруялъул 70-абилел соназда ГIумар гочана Турциялде, амма гьечIо баянал живгойищ гьев гьениве арав, ялъуни гIагарлъи-хъизангун цадахъищали. 

Турциялда ГIумарица камил гьабуна жиндирго лъай-гIелму, хасаго гьес цIалана фикъгьи. Гьениб гьесие щвана ижазаги. Гьелдаго цадахъ Бурса шагьаралда ГIумарица лъугIизабуна педагогикияб училищаги. Хадуб гьев цIалана Судиябазул школалдаги. Гьедин гьес цадахъ бачана мугIалимасулги судиясулги хIалтIи.

ЛъикIаб лъайги бажариги бугев ГIумар Хулуси 1912 соналда тIамуна ГІусманияб империялъул Диниял ишазул цIех-рех гьабулеб комиссиялъул бетIерлъун. Гьелдаса хадуб гьев вищана Анатолиялъул ТIадегIанаб рагъулаб судалъул членлъун.

Гьеб букIана турказул пачалихъалъе цIакъ захIматаб заман. Улкаялъе нухмалъи гьабулеб букIараб гIолохъантурказул «ИттихIад ва тIаракъи» абураб партиялъ ГIусманияб империя жигараб куцалда цIан букIана ТIоцебесеб дунялалъул рагъулъе. Турказул пачалихъ Алманиягун ва Италиягун цадахъ багъулеб букIана Антантаялъул къуватазде данде. Империялъул ахIвал-хIал букIана цIакъ захIматаб бакIалде ккун: чIунтараб экономика, хIалтIи гьечIого хутIарав аза-азар чи, биххун инеб пачалихъ, къойилго гIадин хисулел хIукуматал ва гь. ц. 

Гьедин, цIи гIуцIараб иргадулаб АхІмад Иззет-пашал кабинеталде улкаялъул шайхулисламасул хъулухъ тIубазе ахIана ГIумар Хулуси-апандиги. Гьеб хъулухъалда гьев цIакъ дагьаб болжалалъ гурони хутIичIо – 1918 соналъул 14 октябралдаса 1918 соналъул 8 ноябралде щвезегIан.

Хадусеб, Карзег СалихІ-пашал хIукуматалда ГIумар Хулуси-апанди тIамуна вакъпабазул ишазул министрлъун. Гьенивги гьев халат хутIичIо, щай гурелъул гьев дандечIарав вукIана доб мехалъ турказул ракьалда рукIарал Антантаялъул къуватаз Ататюркил нухмалъиялда гъоркь миллиябгун эркенлъиялъул хIаракаталде данде рагъ гьабиялда. Гьеб сабаблъун ГIумар Хулуси-апанди кабинеталъул бетIер Карзег СалихI-пашагун цадахъ хIукуматалдаса нахъе ана.

ВатIан тун рикIкIад вугониги, ГIумарилъ букIана магIарул яхI-намусги, гIаданлъиги, жиндирго чагIазе, магIарулазе кумек гьабизе гъираги.  Гьале гьеб пикру тасдикъ гьабулеб цо мисал. 1918 соналда Турциялде васал цIализе лъезе арав шагIир ЧІохъа Абакар-хIажияв дандчIвала гьеб заманаялъ шайхулисламлъун вукIарав ГIумар Хулусигун. Гьидалъисес квербакъула Абакар-хIажиясе гьесул васал цIализе лъезе. Гьеб хIужа шагIирас загьир гьабула «Турциялда хутIарал васазде» абураб жиндирго кочIолъ:

Дунял къварилъана, нухал къотIана,
Нахъе дун вуссине рес къотIун ккана,
Ункъо-щуго моцIалъ гьенив хутIана.
Лъимал цIалде къезе бакI шоларого,
Бищун кIудаб ургъел гьезул букIана.
Ахир дова чIарав Гьидалъа ГIумар,
Шайхулислам ватун – сабаблъун ккана.




#Article 126: ГІаймакиса Абубакар (1727 words)


ГІаймакиса Абубакар-хIажияв гьавуна, (гьав. 1711 соналъ) — цІар рагІарав гIалимчи. 

Абубакар-хIажияв гьавуна 1711 соналда ГІаймаки росулъ, лъикIаб хъизамалда жанив. Гьесул вукIана кIиго вац – ГIабдуллагьги МухIамадаминги. Гьезие щун букIана доб заманалда рекъараб лъикIаб бусурманаб лъайги, ва гIемераб заманалъ гьел хIалтIана мударисаллъун.

Абубакар-хIажиясул умумул ккола БуцIра росулъа. Гьесул эмен МугIавия гочуна БуцІраса ГIаймакиве. Гьев вукIана лъикIаб гIелму бугев чи, ва ГIаймакиб росулъ гьес малълъулаан гIараб адабият. Абубакар-хIажиясул эбелалда цIар букIана Сарат. Росасе мукIурай, гьесда хадуй йилълъарай, гьелъ хIаракат гьабулеб букIана жиндирго лъималазе исламалъул кьучIалда тарбия кьезе.
акIалъул гIараб-бусурман маданияб ирс бакIарарал ва гьелъул цIех-рех гьабуразул цояв Гиничукьа ХIайдарбегил Мансурица хъвавухъего, «Абубакар-хIажиясул тухумалъ жиндирго байбихьи босула машгьураб Къурайш тухумалдаса, битIахъего Маккаялдаса, хадур гьесул умумуз гьижра гьабуна Сириялде, ХIалаб шагьаралде ва гьелдаса хадуб Дагъистаналде. Дагъистаналда Абубакар-хIажиясул тухумалъул кIудияв цин рещтIана БуцIра росулъ, гьениса – ГIаймакив.

ГъалбацIил вас, Сулейманил вас, ГIабдул-дибирил вас, БуцIраса МугIавиял вас Абубакар-хIажи – гьеб насаб, НурмухIамадил МухIамадил баяназда рекъон, кьун буго Абубакар-хIажияс «ШархI ХIазамийа» абураб жиндирго тIохьол мужалаталда.

Жиндирго росулъ Абубакар-хIажияс нахъа тана бусурман лъаялъул гIадатал даражаби, гьитIинаб мехалдаго гьесулъ загьирлъана лъай босиялде нахъ гIунтIиги гъираги. Жиндирго инсул нухмалъиялда гъоркь Абубакар-хIажиясе щвана байбихьул лъай – гьес цIалана Къуръан, лъазабуна гIараб грамматика ва гIараб гIелмудул цогидал рахъалги.

Цудунго Абубакар-хIажиясул инсуе загьирлъана васасул гьунарги жо лъазе бугеб хIасратаб гъираги. Гьединлъидал гьес гьев витIула ГьаракIуниве, къади ва машгьурав мударис КIаратIаса КIудияв Дибирихъе лъай камил гьабизе мурадгун. ГIараб гIелмудул батIи-батIиял рахъаздаса цо-цо асарал лъазарун хадуб, ХIайдарбегил Мансурица хъвавухъе, «Абубакар-хIажияс ячуна ГьаракIуниса ГьитIинасул яс ГIайшат ва тIадвуссуна жиндирго ГIаймаки росулъе».

НурмухIамадил МухIамадица бихьизабухъе, Абубакар-хIажиясул хутIула гьитIинав вас ГIабдурахIманги, гIараб гIелмуялде гъира букIарав ва цо яс Аминатги, жий цо пуланав гIаймакисасе росасе арай.

XVIII гIасруялъул бащалъиялде ГIаймаки росу лъугьуна МагIарухъго машгьаруб росулъун, жинда жанив гьев кIудияв гIалимчияс гIумруги гIелмуги гьабулеб букIараб баракатаб бакIлъун.

ХIайдарбегил Мансурица хъвавухъего, гьесул заманалъул гIадамаз Абубакар-хIажияв рикIкIунев вукIун вуго «ракI лъикIав, сабру бугев, мухIканав ва тIабигIат рекъарав чилъун. Гьесулъ букIана вагIза-насихIат гьунаралъул кIудияб пагьму ва цо-цо мехалъ жиндихъ гIинтIамурал чагIи гIодизе гьарулаан гьес. Буго бицен, гьев вукIанин сундуего устарлъун, хIатта лъикIав къадахъанлъунги яргъил устарлъунги»-ян.

Кодоре щварал баяназда рекъон, Абубакар-хIажияс чанго нухалъ сапар бухьун буго Бакъбаккул улкабазде хIаж борхиялъул ва лъай камил гьабиялъул мурадалда. Гьел сапаразда вукIаго, гьев щола доб заманалда ГIусмани империялъул вилаяталлъун рукIарал ГІиракъалдеги, Шамалдегии ва цоги батIи-батIиял бакIаздеги. Гьенив гьев дандчIвала бакIалъул гIалимзабигун, лъай-хъвай гьабула гьел бакIазул маданиятгун, гIелмиял марказалгун, гьенир рукIарал библиотекабигун.

ГIаймакиса Абубакар-хIажиясул цIарги, гIелмуги, гьунарги машгьураб букIана Дагъистаналъул гIурхъаби рахунги. Баянаб буго цо гьадинаб интересаб хIужа Абубакар-хIажиясул гIумруялдаса М.-С. Саидовас бицараб:
Цо нухалъ иргадулаб хIажалдаса Гуржиялъул ракьалдасан ватIаналде тIадвуссунев Абубакар-хIажияв, ГьерекІли-ханас жиндихъего ахIун, чанго къоялъ гьесие кIудияб гьоболлъи гьабун буго. Гьединаб хинаб, хIурматияб дандчIваялдаса нечарав ва тамашалъи гьабурав магIарулас гьикъун буго гьалъул магIна щибилан. ГьерекIли-ханас гьесда абун буго магIарулаз ЦІоралде гьарулел чабхъеназул кIудияб заралги балагьги бугин гуржиязе ва гьикъун буго Абубакар-хIажиясда, гьесул диналъ къабул гьабулищан гьединаб иш. Гьабуларин абун буго магIарул гIалимчияс, гьеб цIакъ какараб жо бугин исламалда. 
Гьебмехалъ ГьерекIлица гьарун буго Абубакар-хIажиясда магIарулазда гьоркьоб вагIза-насихIат гьабеян чабхъенал тезе, гьездаса инкар гьабизе. Гуржиязул ханасул гьариги къабул гьабун, рокъове тIадвуссарав Абубакар-хIажияс чабхъеназде дандечIун, гьел какун, гьезул бугеб мунагьалъул бицун, хвезегIан вагIзаби-насихIатал гьарулел рукIун руго МагIарухъ.

Лъалеб жо буго, 1764–1767 соназда Абубакар-хIажияв жиндирго ГIаймаки росулъа гочана мадугьалихъ бугеб ГьаракІуни росулъе. Гьеб иш ккана гьесул вас, гьунар бугев гIалимчи, 25 сон барав МухIамад хун хадуб гIемер заманго балелдего. Биценалда рекъон, МухIамадил вас, вукIинесев кIудияв гIалимчи СагIидил гьеб мехалда букIун буго лъагIелгIанаб заман. 

ГIагараб росуги тун, цогидаб бакIалде Абубакар-хIажияв гочиналъе НурмухIамадил МухIамадица бачунеб буго гьадинаб гIилла: 

ГьерекIдерица цIакъ лъикI, ракI-ракIалъ къабул гьавула Абубакар-хIажияв, загьир гьабула гьесдехун жидерго хIурматги квербакъиги. Гьеб заманалда Абубакар-хIажиясул букIана 53 сон, гIалимчиясе гьеб ккола жеги гIолохъанлъиялъул гъира-жан тIаса инчIеб, завалияб гIумру. Балагьараб мехалъ, чорхолъ витIарав, рухIалда жан бугев чиги вукIун вуго гьев, гуревани кIиго росдада гьоркьоб бугеб халатаб нухда лъагIел барав гIезегIан кIудияв васги ваччун инароан. Къадаралде щвезе жеги гьесие букIана 26 сон, гьединлъидал гьесухъа бажарана цIидасан жиндиргоги СагIидилги гIумру гIуцIизе, рес бугеб магIишат гьабизе, мадрасаги рагьун, цIар рагIараб гIелмияб центр лъун гьеб лъугьинабизе. Гьесие кумекалъе къо бахъанагIан гIун вачIунев вукIана кIудияв инсул бакI кквезе вугев СагIидги.

Гъазигъумекиса ГIабдурахIманица жиндирго «РакIалдещвеязул тIехьалда» хъвалеб буго: 

Абубакар-хIажиясул букIана бечедаб, къиматаб библиотека. Гьенир рукIана 70 квералъ хъварал асарал, гьезда гьоркьор бусурбан правоялдасан, гIараб мацIалъул грамматикаялдасан, иллагьияталдасан, мантIикъалдасан ва цогидал гIелмабаздасан асарал, 18 асар живго Абубакар-хIажияс цогидал асараздаса хъваралги. Гьесул библиотекаялда рукIана 700–800 соналъ цере хъварал къанагIатал ва некIсиял асарал. Масала,  Пахрудин ар-Разил «Анвар ат-Танзил» (XIII гIасру), Абу ИсхIакъ аш-Ширазил «ШархI ат-Танбигь» ва ц.

Абубакар-хIажиясул гIараб мацIалда хъвараб адабияб ирс тематикияб рахъалъ буго батIи-батIияб. Гьев ккола тарихияб, фикъгьияб, этикиябгун ахлакъияб ва шигIрияб тематикаялдасан хъварал асаразул авторлъун. 

Гьесул асаразда гьоркьоса хъвараб заман бихьизабураб бищун некIсияб асарлъун ккола, гьес ГІахъуша росулъ 1753 соналъ хъвараб «Васаил ал-лабиб гIала фадаил ал-хIабиб» абураб хIалтIи.

ГIалимчиясул асаразул квералъ хъваралги цо чанго кагъатги цIунун руго Тарихалъул, археологиялъул этнографиялъул институталъул, Дагъистаналъул пачалихъияб университеталъул квералъ хъварал асаразул фондалда, гьединго хасал библиотекабазда. Абубакар-хIажиясул гIараб ва магIарул мацIалда хъвараб бечедаб ирсалъул нилъехъе щварал асарал ккола:

XVIII гIасруялъул кIиабилеб бащалъиялдасан Дагъистаналда бусурбан культура цебетIеялъул тарих бухьараб буго гьединго Абубакар-хIажиясул мадрасагунги. Гьенир мутагIилзабаз лъазабулаан фикъгьи, шигIру гIуцIи, гIараб грамматика ва гь.ц.

Халкъалда жаниб Абубакар-хIажиясул мадраса букIана цIакъ машгьураб. Аслияб куцалда гьенир малъулаан теологиялгун гуманитариял гIелмаби. ТIабигIиялгун рационалиял гIелмаби малъг1аруиялъе гьениб кIудияб кIварго кьолароан.

Абубакарил гьунар букIун буго гIараб  ва авар мацIазда шигIру сокIкIине. Гьев ккола магIарулхъвавулаб адарбияталъе кьучI лъураздасан цояв. ГIажам алипалдаса пайдаги босун, гьес гIезегIан насихIатиял асарал хъван руго. МагIарул мацIалда хъвараб гьесул 13 вагIза-поэма бахъун буго, 1912 соналъ Темир-хан-Шураб Мавраевасул басмаялда кьабураб, ЧIохъа ГIабдула-хIажияс данде гьабураб «ВагIзабазул тIехьалда». 

МагIнаялъул рахъалъан гьел руго аслияб къагIидаялъ исламияб диналъул нух кквезе ахIун, бусурбабазе вагIзаби ва насихIатал гьарурал асарал. 

ШаргIалъул нухде халкъ ахIулел гьел вагIзаби, гьанже заманалъул къагIидаялъ абуни, руго бусурбанчиясул гIамал-хасияталъул низамаллъун. Абубакар-хIажияс гIажаибго гьваридго, цо-цо мехалъ гучаб лирикияб шавкъалъул асаргун, цо-цо мехалъ ахIи балагун, гьарулагун, яги хIинкъи кьолагун, лъикIаб бицунагун, малъарулагун халкъ ахIула шаригIаталъул динияб нухдасан ине. Гьесул вагIзабаздасанги бихьула дин чучлъун, гIадамазул гIамал-хасият хун унеб букIин. Гьес гIажаибаб тIадчIейгун, ракI унтигун халкъ ахIула Аллагьасде руссине, какал разе, кIал кквезе, Къуръаналда божизе, ахираталъул, алжан-жужахIалъул пикругун гIумру гьабизе. БакI ккун букIаго абун телин, Абубакар-хIажиясул ахIи къабул гьабуразда гьоркьор рукIана, гьесдаса лъабкъоялда анцIгогIан соналъ хадуб шаригIаталъул нухдасан ине халкъ ахIарал ва гIемерисел гIадамал хIал гьабун гьеб нухдасан ине тIамурал, кIудиял имамзаби – ГъазимухIамад, ХІамзат-бег, Шамил. 

Абубакар-хIажияс жиндаго цебе лъун букIараб Аллагьасул нухдасан ине халкъ ругьун гьабиялъул гьайбатаб масъалаялъул ахIи, гьединаб къагIидаялъ, XIX гIасруялъул байбихьуда ГIанди ва Авар гIорал журалеб хьиндаллъиялда гIумруялде бахъине байбихьана. Абубакар-хIажиясул вагIзабазул ахIи, хIинцго бугониги, тIибитIана тIадмагIаруллъиялда.

ГьаракІуниса СагІидица вагIзабазе гIараб мацIалда хъвана гIатIидал баянал, вагIзабазда жаниб бицунеб кинабго жо Къуръан-хIадисалда данде кколеб букIинги бихьизабун. Балагьараб мехалъ, квералъ хъван, цIаларал чагIаз, мутагIилзабаз тIиритIиза-рулел рукIана гьел.

ВагIзабаздасан бихьула шагIирас гьел хIежалдаса вуссараб, гIакълу, пикру цIубараб, дин чIаго гьабизе ккеялда щаклъи гьечIого ракIчIараб мехалъ хъвазе байбихьун рукIин.

Абубакар-хIажиясул вагIзаби цIалун лъугIаралго, нилъее лъугьуна тамахаб сабурлъиялъул асар. Гьезул кьвариялъухъ, инсанасде гьез гьабулеб тIалабалъухъ балагьичIого, нилъ гьез рачуна нилъее къабулаб ахиралде щвезегIан. ВагIзабазда жаниб бицараб лъикIабги квешабги кинабго жо тIубазабуни, нилъ лъугьине ккола унго-унгоял Аллагьасда цере рацIцIадал бусурбабилъун. ТIокIабги лъикIаб ахир кинабха букIинеб ва вагIзабазда бицараб тIубазабизе къасдгун, цIалун лъугIизарула нилъеца гьел ва нилъерго намусалдаги къасдаздаги цебе рагIи кьола гьениб бицараб гIадин гIумру тIамизе, дин гьабизе, Аллагьасде руссараллъун рукIине. Гьелъ нилъер ракIазулъ рижизарула сабруги лъикIал къасдалги.

ТIоцебесеб вагIза хъваралдаса нахъе унеб буго лъабнусгогIан сон. Чанги заманаби хисана гьелдаса нахъе, хисана гIадамалги, амма вагIзабазда жаниб бицараб жо хисичIо, гьеб жакъаги хIажалъула. Хасго ахирал соназда гIадамасул напс пасалъулеб куц бихьараб мехалъ, цебечIола гьекъолдиялде, хъахIбалъи-зинаялде гIолохъанаб гIел машгъуллъун бугеб куц, гьелъ намус-яхI бугев кинавго чи ургъалилъе ккезавун вуго. Жакъа гьесул вагIзабазде тIаде къулизе, гьел цIализе, пикру гьабизе рес щвеялъ, нугIлъи гьабула гьев кIудияв гIалимчиясул баракат нилъехъе тIадбуссунеб букIиналъе.

Абубакар-хIажиясул вагIзаби руго магIарул  мацIалда хъвай-хъвагIай байбихьулеб мехалъ, тIоцебе гьеб мацIалда хъварал динияб адабияталъул тIадегIанаб даражаялъул асарал. ВагIзабаз магIарулазул рухIияб дунялалде, литератураялде, халкъалъул гIакълу-пикру ва культура цебетIезабиялде гьабураб гучаб асар жеги нилъеца лъазабун гьечIо, амма гьеб букIана цIакъго кIудияб.

Гьел вагIзаби гурони, тIокIаб щибниги Абубакар-хIажияс хъван букIинчIебаниги, гьев мустахIикъав вукIинаан магIарулазул хъвавулаб адабият гIуцIиялъулъ тIоцересезда гьоркьоб гIахьаллъи гьабурав гIалимчи хIисабалда кидаго магIарул халкъалда ракIалда вукIине.

ЦIех-рехаз бихьизабулеб буго Абубакар-хIажиясул нилъ тIаде ккечIел, жеги квер щвечIел, гIараб ва маг1арул мацIазда хъварал гIемерал асарал рукIин. Гьездаго гьоркьоб буго 1757 соналъ ГІахъуша мажгиталъул имамлъун ва мударислъун хIалтIулеб мехалъ хъвараб ва Институталъул квералъ хъварал тIахьазул фондалда цIунун бугеб «Аварагасул тIадегIанлъи» абураб, 1505 соналъ хварав исламалъул кІудияв гIалимчи Жалалудин СуютІиясул тIехьалъе хъварал баянал.

ВагIзабазул нилъее кIвар буго тарихиял документал хIисабалдаги. ТIадехунги бицухъе, гьел хъвазе байбихьун батизе ккола XVIII гIасруялъул тIоцебесеб бащалъуда. Ва вагIзабазда жаниб бицунелъухъ гIенеккараб мехалъ, нилъеда бичIчIула гьеб заманалда, киналалиго жеги нилъеда лъаларел гIиллабазе гIоло, МагIарухъ цIакъго заг1иплъун букIин. Щай къватIисан гьабулеб зулму-хIал гьечIеб заманалда гьедигIан цIакъ гIамал-хасият хун, рухIияб дунял жагъаллъун халкъ лъугьун букIараб? Гьелъие гIиллалъун букIун батизе ккола жанисеб ахIвал-хIал. ГьабсагIат гьелъие жаваб гьечIо. Амма нилъеда ракIчIун абизе кIола Абубакар-хIажиясул заманалъул гIалимзабазул рухIияб ирс лъазабизе рес щварабго, гьезул заманаялъ квералъ хъварал тIахьазул тIанчазул рагIаллъабазда гьарурал яги жидецаго жалго бетIергьанлъун гьарулел хъвай-хъвагIаял цIаларал, гьел данде ракIарун, гьезул хIасил гьабураб мехалъ, гьелъие жаваб батизе кколин. Гьениб хасго кIвар кьезе ккола Къудукьа Мусаласул, Кудалиса ХIасанил ва цогидалги гьезул заманалъул гIалимзабазул гьунаралъул ирсалде.
МагIарул церехъабаз, гIалимзабаз халкъ диналде, шаргIалде бачине гьабулеб хIаракатчилъи хIакъикъаталда халат бахъана кIудиял имамзабазул заманалде, ГъазимухIамад имамасул хIаракатчилъи байбихьараб мехалде щвезегIан. Гьеб мехалдаги тIадецуй гьечIого, бичIчIи гIун халкъ диналде буссун букIинчIо, жамаг1аталда жаниб гIамал-хасияталъулъ чороклъи, ричча-рихъантей букIана. ТIадехун рехсохъе, годекIабахъ букIараб тIасан рорчIи, гьалмагьир жеги тIагIун букIинчIо. Бицен буго ГъазимухIамад имамасул заманалъул байбихьуда гендерил годекIаниб тIад тIажуги гьечIого, гIавратги цебе рехун гIодов чIун вукIарав херав чиясе тIилил гIадлу гьабиялъул, гьекъел-мехтелалъул, бечедазул зулмучилъиялъул, кIигьумерчилъиялъул, хъахIбалъи-зинаялъул. Имамзабазул ишазул байбихьиялъ Дагъистаналда гIемерисел бакIазда шаригIатги билълъанхъизабун, рес щвана бусурбан дин хIалтIизабизе.

Бихьулеб букIахъе рес буго абизе Абубакар-хIажиясги гьесул заманалъул диниял хIаракатчагIазги кьучI лъунин XIX гIасруялъ ккарал тарихиял лъугьа-бахъиназе. Дин цIунизе, шаригIат билълъанхъизабизе ккеялъул гьезул хитIабазул ахIи рагIана гъваридаб динияб лъай щварал, Абубакар-хIажиясулги гьесул васасул вас СагIидилги мадрасалда цIаларал, тавакалал, исламияб дин цIуни ватIан цIуниялда бухьинабизе лъарал ва кIварал гучаб гIолохъанаб гIелалда, рукIинесел имамзабазда.

Динияб хIаракатчилъиялъулги, вагIзабазулги, магІарул мацІ цебетIезабиялъулги рахъалъ бицине рагIи гIоларебгIан кIудияб кIвар буго Абубакар-хIажиясул магIарулазул тарихалъе, маданияталъе ва адабияталъе. РакIбацIцIадго тIолабго гIумру кьуна гьес бусурбан дин цIуниялъе, гьелдаса руссарал гьелде руссинариялъе. ВагIзабиги, гьесул хIаракатчилъиялъул цо бутIа буго. ВагIзабаз рагьана захIматал жалазул бицине, рекIел хIал, гIакълу, пикру загьир гьабизе магIарул мацIалъул бугеб бажари.

ГIалимчиясул кIудияб гьунарлъун букIана гIарабазул гIелмияб терминология маг1арул мац1алде жанибе бачин ва гьеб, гьелъул къануназда рекъезабун, х1алт1изаби. Гьелдалъун бечелъана маг1арулазул калам гуребги, миллияб культураги, адабиятги, асарал хъваялъул х1албихьиги. 

Абубакар-хIажияв хвана  1791 соналда, 80 соналъул ригьалде вахарав чи. Гьев вукъун вуго гьерекIдерил хабалахъ жиндирго васакIо СагIидида аскIов. Гьесул зонода хъван буго гьадин: 




#Article 127: Эркенал баянал (101 words)


Эркенал баянал, эркенаб информация, гьединго эркенаб контент яги эркенал материалал — руго бокьарал асарал, искусствоялъул рукӀа, творчествоялъул тайпаялъул рукӀа, бокьарал материалал жедер хӀукъукъаз жал хисизаризе, рехсезе ва публикаялда тӀоритӀизе бегьизабулел

ГӀаммаб къагӀидаялдъ, эркенаб материал — буго текстал, суртал, музыка ва цогидаб творческиялъулаб хӀалтӀиялъул тайпа, жиндир лицензиялъ жиб коммерцияб къагӀидаялда шун цин, бокьухъ хӀалтӀизабизе ихтиярал кьолеб: насху гьабизе, хисизабизе ва хисизарурал версиял тӀоритӀизаризеги.

Эркенаб програмазулаб обеспечениязул лицензияби гӀадин эркенал материалазулги рукӀуна «копилефт» яги «копилефт гурел» лицензиял.

FreeBSD Documentation License — буго «копилефт гуреб» лицензиялъул мисал.

Эркенал материалаллъун гьединго рикӀкӀуна Creative Commons лицензиялъул цӀаралда гъоркь ругел материалал, жедер ихтиярал кинабгӀаги къагӀидаялъ гьукъун гьечӀел.




#Article 128: Энциклопедия (152 words)


Энциклопе́дия ( (XVI гӀасруялдасан хадуб); бачӀана  рагӀиялдасан — «тӀубараб горалда жаниб лъай боси» гьеб рагӀи лъугӀана гьадин: — гор +  — лъай боси, пайдейя) — киналго инсанияталъул лъаял ва дисциплинал жанир ракӀарун гӀуцӀцӀараб система. Энциклопедия-илан абула жеги гӀелмияб баянтӀехьалда (къамусалъул тайпаялда). ГӀаммаб къагӀидаялъ, энциклопедия ккола цӀалдолезул гӀебаб горалъе гьабураб батӀи-батӀиял лъаязул ва гӀелмиял дисциплиназул дандбакӀари.

Балагьараб мехалъ, энциклопедиялъул мурад буго доба-гьаниб щущан бугебщинаб лъай данде бакӀари, гьеб кинабго лъай цо, гьанжесал гӀадамазе киназего бичӀчӀунеб, системалда буссинаби, ва гьеб лъай, цере рукӀарал гӀасрабазул захӀмат гьородахъ инчӀого букӀизе, нелъедасан хадур рукӀине ругел наслабазухъе кьезе, ва, гьеб лъаялъ бечед гьарурал, нелъер лъимал лъикӀлъи гьабулел ва талихӀаллъун лъугӀинари.

Ракьалда киналго рукӀаарал энциклопедияздасан бищун кӀудияб буго Синалъул император Чжу Диясул буюрухъалдалъун 1410 соналъ гӀуцӀцӀараб. Гьеб энциклопедиялда букӀун буго 11 095 том тӀехӀалъул, 917 480 тӀамчазул гьумер. Гьелда тӀад хӀалтӀун вуго 2 000 чи. Гьеб энциклопедиялъул 3 насху () гурони гьабунги гьечӀо. Эта энциклопедия занимала 40 кубических метров.




#Article 129: Гъуниб мухъ (123 words)


Гъуниб мухъ () - Дагъистан жумгьурияталъул мухъ.

Тахросу - Гъуниб.

Гъуниб мухъ буго МугIрузулаб Дагъистаналда бакьулъ. Гьелъул руго гIорхъаби хадусел мухъалгун: Хьаргабиб, Лавашиб, Тум, ЧIарада, Шамил ва Хунзахъ. Гъуниб мухъалъул ракьалъул роцен ккола — 609,5 км².

ДагъЦИКалъул 4-б сессиялда (22.11.1928 сон) Гъуниб округалда ГIандалал ва КIуяда мухъаздаса гIуцIун букIана Гъуниб кантон. Жегиги гьелде тIаде рехана Лак округалдаса Бухтиб росдал шура. ВЦИКалъул къотIиялда рекъон (3.06.1929 сон) Гъуниб кантон хисана Гъуниб мухъалде. 1937 соналда мухъалъул тахбакIлъун тана Ругъжаб росу, 1944-б соналда - ЧIохъ. РСФСР-алъул 1.02.1963 къабул гьабураб къотиялда рекъон гIуцIана Гъуниб мухъ Гъуниб росулъ тахбакIги тун ва гьелде тIаде биххизабураб ЧIарада мухъалъул ракьги тIаде жубан.  12.01.1965 с. Гъуниб мухъ цере рукIарал гIорхъабиги цIунун цIигьабун букIана.

По данным Всероссийской переписи населения

Гъуниб мухъалде гъорлъе уна 18 муниципалияб гIуцIи:




#Article 130: ЛъикІазул МалламухІамадил Малла–ХІасан (591 words)


ЛъикІазул МалламухІамадил Малла–ХІасан ялъуни МалламухІамадил Малла–ХІасан, - магІарулазул шагІир ва гIалимчи. 

Гьев гьавуна ЦІоралда машгьурав гIалимчи МалламухIамадил хъизаналда ва гьев ккола ЧІар росулъа «ЛъикIал» абураб тухумалъул вакиллъун. 

Гьесдаги ХІасан Алкъадариясдаги гьоркьоб гьудуллъи букIана ва цоцазде гIараб мацIалъ хъварал кучIдулги  кагъталги нахъе цIунун хутIун руго. Гьел кучIдул Алкъадарица рахъун руго жиндирго «Диван ал-Мамнун» абураб тIехьалда.
Живго Малла–ХIасанги вахъана гьесдасаги бергьарав гIалимчилъун ва бажариги гьунарги бугев шагIирлъун.

МагIарулазул машгьурав журналист ва тарихчи, Маркъо ШагӀбановас гьадин хъвалеб буго Малла–ХІасанил хІакъалъулъ:
Гьев ккола гьанжелъизегIан гIемер гIадамаздаги лъаларев ва, гьелъие мустахIикъав вукIаниги, магIарулазда гьоркьов машгьурлъичIев шагIир. Жиндир асараздалъун Малла–ХIасан релълъунев вуго магIарулазул машгьурав шагIир Инхоса ГIалихIажиявсда. Гьесул даражаялде гьев ваханищ – вахинчIищали дида лъаларо, гьелъие къимат кьезе цогидал чагIи ругелъул, амма, кин бугониги, Малла–ХIасан гьунар тIокIав шагIир вугин абизе бегьула.

Малла–ХIасанил йикIана кIиго лъади, кIияйго гьей ккана гьесде советазул букIараб рокьукълъиялъул къурбаналлъул. ТIоцеесей чIужу Малла–ХIасанил йикIана Динчиб росулъа ИсмагIилил яс ХIуру (1894 соналда гьаюрай). Гьелъ Малла–ХIасание гьабуна щуго лъимер – васал НурмухIаммад (1916 с.гь.), СаидахIмад (1920 с.гь.), ГIабдулгIазиз (1923 с.гь.), ГIабдурахIман (1929 с.гь.) ва яс ХIалимат (1927 с.гь.). КIиабилей чIужу – къоролайлъун хутIун йикIарай Рамазанил яс ГIайшат (1887 с.гь.). Гьелъ гьабуна кIиго лъимер – вас МухIаммадги (1921 с.гь.) яс Шумайсатги (1925 с.гь.).
 
Закатала районалъул ЧК–ялъ 1931 соналъул 19 марталда хIукму къотIана гьел Гъазагъстаналде хIал гьабун гочинаризе. Гьеб кIиябго хъизан динияв цевехъанасул, ай пачалихъалъул тушманасул руччаби ва лъимал хIисабалда, ритIун ана Гъазагъстаналде. Цониги чи нахъе щвечIо гьев ичIго чиясул – къеч ва ракъи ккун хун ратизе руго гъазахъул салул авлахъазда. Малла–ХIасанил кIудияв вац АхIмадвали хвана 1936 соналда, жеги цеве гьесул васги хун хадув. Гьелдалъун гьеб рукъалъул цониги чи нахъе хутIичIо. 

Закатала мухъалъул ЧІар росдал мажгиталъуб батана даптар, жаниб магIарул мацIалъ гIажамалда лъабго кечI, цо–цо дугIаби ва тIарикъаталъул силсила бугеб. Гьелъул мусанип (автор) лъазе кIвана тIоцебесеб кочIол (1863 соналда гIурусазда данде рахъарал ЧIар росулъа магIарулазул цевехъан Занки–апандиде гьабураб марсияталъул) ахиралда ругел мухъаздасан: 

Гьеб даптаралда ругел кучIдул хъвараб заман гьикъани, нилъеда батула лъабго хIужа. ТIоцебе, нилъеда рихьула тIадехун рехсараб марсиялъул байбихьуда хъван ругел мухъал: 

 

Гьеб тарихалъул бицани, тIоцебе абизе ккела МухIаммадгIали гьев чиясул унго-унгояб цIар букIанин, Занки–апанди абуни – тIокIцIар. КIиабизе – гьев Занки–апанди, Закатала хъала (битIун – ЧIар–хъала) бахъулаго лъукъун, гIурусаз асир гьавун, туснахъалдеги рехун, нахъа кварида ван гъанкъана 1863 соналда, ялъуни гьижрияб 1280 соналда. Гьеб сон хъван буго Занки–апандил зонодаги, гьебго хIужа рехсолеб буго тарихиял тIахьаздаги. ТIадехун рехсарал мухъазда абуни хъвалеб буго 1329 («анцIила лъабнусида къоло ичIилаб») соналъул рамазан моцIалъул 27 къоялъ гьев хванин абун. Гьеб ккола, гьанжесеб (бакъул) календаралда рекъон, 1911 соналъул 20-абилеб сентябер. Гьеб заман букIине бегьула гьел мухъал хъвараб къо. Гьелдаго цадахъ даптаралда жаниб хъван буго кIиго сон: 1327 (1909) ва 1337 (1918–1919). Гьеб заманалдайищ гьел кучIдул хъван рукIарал ялъуни 1911 соналъищали лъазабизе дида жеги кIвечIо. 

Амма Малла–ХIасанил аслияб рухIияб хазина жеги 1910 соналдаго Шурагьиб МухIамадмирза Мавраевасул басмаханаялда къватIибе биччан букIана. Гьеб ккола кIудияб мавлид («Мавлид акбар») ва цо чанго динияб шигIру. Гьениб хъвалеб буго гьеб тIехь хIадурарав чи вугила «гIалим Малла–МухIаммадил вас Малла–ХIасан ал–ЧIари, ал–Кинтарийи» (Кинтар ккола Динчи росулъ гьес гIумру тIамураб ва гьев вукъараб авалалъул цIар, жибго Динчиги буго 1830 соналда ЧIар росулъа гочарал гIадамаз бараб росу). Живго Малла-ХIасаница тIехь хъваялъул хIакъалъулъ гьадинаб баян кьолеб буго: «Дие амруяб ишара гьабуна Малла–МухIаммад устарас гьаб тIехь хъвазе ва гьелъие хиянатлъи гьабизе бегьулеб букIинчIо». Гьелдаго цадахъ Малла–ХIасаница хъвалеб буго «гьаб тIехь гIалимзабазе гьабураб гуро, гIадатиял гIадамазе хъвараб буго, гьединлъидал гIайиб гьабуге гьаб тIадегIанаб даражаялда хIадурлъичIоян».

Малла–ХIасанил къисмат ккана цIакъго пашманаб. 1929 соналда, ЧК–ялъул яргъилаз асирги гьавун, Закатала шагьаралъул тIасияб авалалда бан букIараб хъалаялда жанив чIван вуго. Лъабго къоялъ гьесул жаназа хъалаялда жаниб хутIун буго, нахъа Динчиб росулъ букъана. Гьесул хоб буго Кинтар–уба абураб авалъул хабалалъ.

 




#Article 131: Дюмезил, Жорж (846 words)


Жорж Эдмон Дюмези́л (Georges Edmond  Dumézil; 4 марталъ 1898 Париж Франциялъул республика — 11 октябралъ 1986 Париж Франциялъул республика) — францяилъул мифолог ва филолог-компаративист, лъабго функциялъул теориязул автор (балагье гъоркьегIан).

Гьев гьавуна  франгазул армиялъул капитанасул хъизаналда. Жорж гьавураб мехалъ, гьесул эмен вукIана колониалиял аскаразда хъулухъ гьабулев Тунисалда. 

Кавказалъул мацІазда тIад хIалтIарал къватIиса пачалихъазул гIалимзабазул кьерда мустахIикъаб бакI ккола машгьурав франгав гIалимчи-филолог, фольклорист Жорж Дюмезилицаги (1898–1986). Амма Кавказалде вачIун гуреб гьес гьел мацIазул гIелмияб цIех-рех гьабураб. ГIалимчияс жиндирго гIумруялъул цIикIкIарасеб заман бана Турциялда ва гьенире гочарал Кавказалъул мугьажирзабаздасан лъазаруна гьезул мацIалги, гIадаталги, кIалзул гьунарги, хъвана гьезул хIакъалъулъ гIелмиял хIалтIабиги. 

ТIоцебесеб нухалъ Жорж Дюмезил Турциялде вачIана Турциялъул тIоцевесев президент Мустапа Кемал Ататюркил гьариялда рекъон. ГIолохъанаб турк пачалихъалъул президентасе къваригIун букIана жидерго университетазул цоялда диназул тарихалъул дарсал кьезе. Гьелъул мурадги букIана жамагIаталда жаниб диналъул асар загIип гьаби. Гьединлъидал гьесда лъикIаблъун бихьана Истамбул университеталда цIи рагьараб кафедраялъул бетIералда цо франгав гIалимчи тезе. Жорж Дюмезилица Истамбул университеталда гьеб хъулухъ билълъинабуна 1926 соналдаса 1931 соналде щвезегIан. 

ТIоцебесеб иргаялда гуржи, хадуб убих мацIал лъазаруна машгьурав гIалимчияс. Гьелдаса хадуб, лъабго Кавказ мацIалъул группаялдаса (картвел, абхаз-адиг ва нах-дагъистан) батIи-батIиял мацIазул цIех-рех гьабулаго, системаяб къагIидаялда жиндирго хIалтIаби рилълълъинаруна.

ГIалимчияс гьел мацIал, тIахьаздаса гурел, Турциялда рукIарал Кавказалдаса гочарал мугьажирзабазул росабалъе ун, гьенив гIадамалгунги Истамбулалада чIарал кавказалъулалгунги дандчIван, гьелгун хIалтIун, лъазаруна. 

Жорж Дюмезилица Турциялда лъазаруна гьал хадусел мацIал:

Адиг мацIалъул гIаркьеллъун кколеб кабардин мацІ гIалимчияс лъазабуна Айдемир Ашкинидаса, шапсуг мацI – ХIусейн Шеми Тюмеридаса, убих –Тевпик Эсенчидаса.

Байбихьуда жинца лъазарурал мацIазул хIакъалъулъ Жорж Дюмезилица паранг мацIалда чанги тIехь хъвана ва басмаялда бахъана. Гьале гьел:

Гьебго заманалда Жорж Дюмезилица батIи-батIиял журналазда бахъана Кавказалъул мацIазул хIакъалъулъ анлъго макъалаги. 

Чачан, ингуш, магIарул ва лаз мацIазул хIакъалъулъ гIалимчияс хъварал тIахьал рукIана цIакъ дурусал, камилал, гъалатI гьечIел, гьезул халгьабизе ва гьел къачIа-кIатазецин кколароан.

Амма абхаз-адиг мацIазул цIех-рех гьабун хъварал тIахьазул хIакъалъулъ гьеб жо абизе кIолароан. Щайгурелъул гьенир риччан рукIана гIемерал гъалатIалги, дандеккунгутIиялги, ратулаан мухIканлъи гьечIел бакIалги. Гьединлъидал цодагьаб мехалдасан гIалимчи цIидасан гьел хIалтIабазде тIадвуссана, ва гьенир гьес гIемерал хиса-басиял гьаруна, гьезул хIасил къачIа-кIатIана. Хадув Дюмезил живгоги мукIурлъана гьелъие: «Гьаб заманалъул дирго транскрипцияби дица цIакъ кIваркьун хъвана», – янги абун. Гьедин дагь-дагьккун бечелъулеб букIана Дюмезилил жиндирго фонетикияб транскрипциялъул система.

Кавказалъул мацIазул бищунго кIвар бугеб элементлъун гIалимчияс рикIкIунаан пигIлу (глагол). Гьес абулаан, цо пуланаб мацIалъул кIул бати бараб бугила гьеб каламалъул бутIаялдаса пайда босизе бажариялдайилан.

Грамматикаялда морфологиялдаса синтаксисалъул цIикIкIун кIвар бугилан пикру загьир гьабулаан Жорж Дюмезилица. Жеги битIун абуни, морфология синтаксисалда бухьараб бугилан.

МацIалъул гIелмуялда Дюмезилица лъураб бутIаялъул рахъалъ Турциялда гьарурал гьесул хIалтIаби руго цIакъ кIвар бугеллъун. 

Турциялда хутIиялъул кIиго мурад букIана гIалимчиясул. ТIоцебесеб, убих мацI хвасар гьабизе, щай гурелъул гьеб мацI бицунев чи я Кавказалда, я дунялалъул цогидаб бакIалда хутIун вукIинчIелъул. КIиабилеб мурад букIана цогидал Шималияб БакътIерхьул Кавказалъул мацIазул этюдазда тIад хIалтIизе. Дюмезил 1954 соналдаса байбихьун живго хвезегIан (1986), гIемерцIул (1972 соналде щвезегIан) Турциялде вачIун, гьеб программа лъугIизабизе гIололъун хIалтIана. Гьел соназда гьес хъвана ва басмаялда рахъана кIикъоялда анцIгоялдса цIикIкIун макъалаги тIахьалги. 1960 соналдаса I967 соналде щвезегIан гIалимчияс рахъарал тIахьазул цо серия буго гьадинаб: «Dokuments anatoliens sur les langues et traditions du Caucase» («Кавказалъул мацIазул ва гIадатазул хIакъалъулъ анатолиялъулал документал»). Гьел ккола лаз, абхаз, адиг ва убих мацIазе сайигъат гьарурал тIахьал.

Жинцаго хъвараб щинаб жоялъухъ кидаго цIакъ кIваркьун валагьулаан Жорж Дюмезил ва кавказологиялъул журналазда рахъулаан цIияб бербалагьи, материал жиделъ ругел макъалаби. ГIалимчиясул пикруялда рекъон, 60-абилел соназдаса хадуб Кавказалъул мацIазул транскрипциялъул система мухIканго баянлъана.

МацIалъул гIалимзабазе Дюмезилил бищунго кIвар бугеб хIалтIилъун ккола «Le verbe Oubykh» («Убих фигIлу [глагол]») (1975) абураб монография. Аслияб куцалда гьеб хIалтIи гIицIго убих мацIалда гуребги киналго Шимали БакътIерхьул Кавказалъул мацIаздаги бухьараб буго.

Живго хвелалде цеве Дюмезилие бокьун букIана убих мацIалъул лугъат басмаялда бахъизе, амма хвалица гьелъие квал-квал гьабуна. Гьеб иш жиндаго тIаде босана гьесул бищунго божарав ва хадув кумекчилъунги вукIарав профессор Жорж Шарашидзеца (1930-2010). Жинцаго лъугIизаричIел ялъуни басмаялда рахъичIел хIалтIаби Дюмезилица Шарашидзее тана.

Шарашидзе вукIана, Франциялъул кавказологиялъул кIудияв авторитет хIисабалда, Дюмезилил ирсилавлъун. Санаца, жиндирго мугIалим киниги, Турциялда ругел кавказалъулазул росабазда гIелмиял цIех-рехал гьаруна гьесги. Гьедин, чанго соналъ Турциялда ругел Гюней, Эсадия ва Султания абурал магIарул росабалъги хIалтIун, гьес 1980 соналда Парижалда басмаялда бахъана «МагIарул мацIалъул грамматика» («Grammaire de la langue Avar») абураб монография. 

ХвезегIан Шарашидзе хIалтIана Парижалда бугеб Бакъбаккул мацIазул ва маданиятазул миллияб институталъул кавказологитялъул отделалъул нухмалъулевлъун.

Дюмезил ва гьесул рукIарал цIалдохъабазул (масала, Шарашидзе, ялъуни адиг мацIалъул специалист Катерине Парис ва ц.) букIана лъабго даражаялдаса лъугьараб оригиналияб хIалтIул система:

ТIоцебесеб даража: Кавказалъул мацIазул цояб бицунев чиясухъ гIинтIамизе, гьеб мацI хъвазе.

КIиабилеб даража: цого мацIалда (ялъуни диалекталда) цого текст чанго чиясда такрар гьабизабизе, хIасил дандекквезе.

Лъабабилеб даража: цого текст батIияб мацI (ялъуни диалект) бицунел гIадамазда такрар гьабизабизе ва хъвазе.

Дюмезилил пикруялда рекъон, хIалтIул гьеб система букIана, мацIалги гьабураб жоги дандекквезе гIоло, бищунго дурусаб ва бищунго къиматаб тартиблъун.

Кавказалъул култураялъул гIелмияб интерес гьабулизеги буго кIудияб кIвар Дюмезилил г1елмиял асаразулги хIалтIабазулги. Гьенир ругел церерагIабазги, текстазги, батIи-батIиял хъвай-хъвагIаязги баян гьарула ва рагьула Кавказалъул халкъазул унго-унгояб гIумруги, божиялги, рухIги. Нартазул дастаназ, Кавказалъул бахIарчиял харбаз, Кавказалъул цебесеб гIумруялъулги рагъазулги хIакъалъулъ биценаз, кIудияб гочиналъул ракIалдещвеяз, Турциялда ругел Кавказалъул мугьажирзабазул росабалъ бугеб къойил гIумруялъ, анекдотаз, махсарабаз цIакъ чIагояб цо сурат лъугьинабулаан.

Гьеб сурат жакъа лъугIун буго. Дюмезилилгун ялъуни гьесул цIалдохъабигун цадахъ хIалтIараз, кIалъалаго, жидерго мацIал жеги берцинго, жеги гъваридго, жеги бичIчIулеб къагIидаялда рицунаан ва пикру загьир гьабулаан.  Амма жакъа гьедин гьечIо.




#Article 132: МухІаммад Ал-ГІарифи (450 words)


ГӀабдурахӀманил МухІаммад Ал-ГІарифи () (гьавуна 1970 соналъул 15 июлалъ) - исламалъул дагӀватчи ва шаргӀияб гӀелмуялъул устар. Гьединго гьев вуго СагӀуд Ханасул ЖамигӀалъул профессор ва СагӀудиялъул ралъдалгун-рагъул къуваталъул Фагьд Ханасул академиялъул мажгиталъул имам. ГӀалимчи Ибн Базихъ цӀаларав вуго.

In July 2013, Al-Arefe was arrested by the Saudi authorities for what is believed to be an interrogation on the basis of his political, moral, and religious positions regarding the coup d'état in Egypt. It was speculated that the arrest was in response to a complaint filed by the Egyptian Ministry of Foreign Affairs to its Saudi counterpart. The complaint claimed that Al-Arefe was intervening in Egyptian domestic affairs. Before his release, he signed a pledge not to interfere in Egyptian affairs and was released afterwards but placed under house arrest. He was also banned from traveling to Doha, where he was scheduled to deliver a religious lecture there. The Saudi authorities never announced the reason behind Al-Arefe's arrest.

In June 2013, an article in the British newspaper The Independent said He has in the past accused Shias of being responsible for kidnapping, cooking and skinning children before placing their remains outside the family home for their parents to find.

His official web site said he rejects right-wing media allegations that he may have contributed to the radicalization of three British born Muslims seen in a recently released video by ISIS. It quotes him as saying I have a positive working relationship with many government institutions around the world including Saudi Arabia where I am a member of an academic body specializing in discrediting terrorist ideology. My position vis-à-vis ISIS is very clear as I am vehemently opposed to the brutal methods employed by many of their fighters and categorically condemn their extremism. I have personally published a number of academic works highlighting the numerous fallacies in their pernicious and divisive ideology.

Al-Arefe was banned from entering Switzerland for holding extreme views.

A June 2013 article in The Independent said that the Al Khoei Foundation, a leading mainstream Muslim group of Shiites in the UK, expressed concern about divisive and sectarian personalities after his arrival there, noting the prior ban from entering Switzerland and saying he has frequently preached against evil Shiites. In March 2014, he was banned by the Home Office from returning to Britain after a series of sermons in Cardiff, Birmingham and London. A Home Office spokesperson said: We can confirm Mohammad Al-Arefe has been excluded from the United Kingdom. The Government makes no apologies for refusing people access to the UK if we believe they represent a threat to our society. Coming here is a privilege that we refuse to extend to those who seek to subvert our shared values.




#Article 133: ГІиса авараг (501 words)


Ма́рьямил вас ГІиса Ал-Маси́хІ ( — Марямил вас ГІиса) — жиндир Исламалда жаниб цІакъ адаб-хІурмат гьабулев авараг (наби). ЦІияб Заветалда рехсолев Иисус Христосгун цого чи ккола. Къуръаналда жанив масихІ (мессия), Ибн Марьям (Марьямиял вас), ГІабдуллагь (Аллагьасул лагъ) абурал цІараздалъун 25 нухалъ рехсон вуго гьев. ТІадегІанав Аллагьас гьесие гьадинал цІарал кьолел руго: расулюллагь (Аллагьасул расул), салихІ (ритІухъав), калима ([Аллагьасул] рагӀи), къавлул хӀакъ (хӀакаб рагӀи) ва цогидал.

ГӀиса авараг витӀун вукӀана бану исраилалъухъ Таврат (Тора) тасдикъ гьабун цӀияб Мукъадасаб тӀехь — Инжил (Евангелие) босун. ГӀиса вуго Аллагьасул авараг, илчи (расул) ва цӀияб къануналъе кьучӀ лъурав чи.

ГӀисал гӀажаибаб гьавиялъул Къуръаналда цӀакъ мухӀканго бицун буго. Малаикас лъазабула Марьямида, Аллагьасул рагӀиялдалъун, жинца караматал жал гьаризе кӀолев вас гьавизе вукӀи. Къуръаналда ГӀиса авараг Адамида релъизавун вуго, щайгурелъул гьел кӀиялго рукӀана Аллагьас эмен гьечӀого гьарурал.

Гьавун хадуб ГӀисаца абула жиндирго эбелалда, Аллагьас дуе гӀакъуба бигьа гьабулеб бугин аскӀоб бугеб гъотӀода чамастак бижизабун ва ицц баккизабун. ГӀисаца сихӀтун йикӀеян абула эбелалда, гӀадамал гьелда гьикъа-бакъи гьабизе лъугӀараб мехалъ. ГӀадамаз гъибат-бугьтан гьабизе байбихьараб мехалъ, лъимералъ абула, жив Аллагьасул авараг вугин. Гьеб букӀана гьесул тӀоцебесаб карамат. Ягьудал уна румазул бетӀерасухъе Марьям эмен гьечӀого вас гьавиялъ чӀваеян гьарун. Гьеб сабаблъун Марьям васги вачун Мисралда лъутизе ккун йикӀана. ГӀисае анцӀилакӀиго цон тӀубараб мехалъ гьел Ягьудиялда нахъруссун рачӀуна ва Назареталда чӀчӀола (Насир).

Бану Ираилалъ ГӀиса авараглъун къабул гьавичӀо, тӀадежоялъе, гьел гьесда данде рахъана ва гьев чӀвазе хӀукму гьабуна. Ягьудиял ун руго Румалъул кесарихъ, гьез абун буго гьесда, ГӀисае нужер хӀукумат бокьун гьечӀин букӀизе ва гьев Ягьудиялда жиндирго ханлъи гӀуцӀизехъин вугин. Гьезул мацӀалдаги божун, гьес ГӀиса кквезеги ккун, таслиб гьабун, чӀвазе буюрухъ кьун буго. Гьеб гьесул амру тӀубазе цо ягьудиязул къокъа яргъилалгун уна ГӀисахъе. ЦӀар арав тарихчи ва къуръаналъул тафсирчи Ибн Касирица Ибн ГӀаббасил рагӀабаздаса хъвала буго:
Гьеб заманялъ ГӀиса вукӀула жиндир анцӀилакӀиго-анцӀилалъабго асхӀабгун. Бицула, гьеб букӀанила рузанкъо, бакъ тӀерхьулеб гӀадинаб заман, ай шаммат сордо. Гьез рукъ сверухъ ккола, ГӀисада жив ворчӀизе гьечӀелъиги лъан, яги дол гьабсагӀат жанир кӀанцӀизе кколаан, яги гьав живго ине ккела дозухъе, абуна жиндирго асхӀабзабазда: «Лъие бокьун бугеб дида ралъарав лъугьине ва алжаналъув дида аскӀов вукӀизе?». Цо вас вахъула тӀаде, амма гьев цӀакъго гьитӀинавлъун рикӀкӀуна. ГӀисаца жиндир суал кӀиабизеги кьола, лъабабизеги кьола, амма гьев гӀолохъанав вас гурони щивниги вахъуларо. Хадуб ГӀисаца абула: «Мун вукӀизе вуго гьев чи!». Хадуб Аллагьас хисизабула досул сипат-куц, кӀиялго цоцада релъарал лъугӀула. Гьеб заманалъ тӀохалъул каратӀ рагьун бачӀула ва ГӀиса кьижун ккола. Гьеб хӀалалда гьев восун уна зодов, ТӀадегӀанасги абуна: «Ле, ГӀиса! Дица мун цӀидасан щвезе гьавила ва цӀидасан тӀаде вачила…» (Къуръан, 3: 55). Гьев зодов вачун араб мехалъ, гьесул асхӀабзаби къватӀире уна. Ягьудияз, дов вас ГӀиса авараг вугинги ккун, ккола дов, зазил горги къазабула бетӀералда ва таслиб гьабула.

Цогидал аварагаздасанги цІикІкІун хъван буго Къуръаналда ГІиса аварагасул хІакъалъулъ. 25 нухалъ рехсон буго гьениб гьесул цІар. Биценалда рекъон, «Марьям»-абураб сура мугьажираца Эфиопиялъул негусасда цебе цӀалула букӀун буго христианлъиялъулги МухӀаммад аварагас  гьабулеб дагӀваталъулги ругел релъенлъаби рихьизарун.

Къуръаналъ цо лъабго аллагь вугин - живго Аллагьги, ГӀисаги гьесул эбел Марьямги - абулеб Троицаялъул идеяби нахъчӀвала. Къуръаналъ чӀезабула, ГӀиса кинавнги аллагь гьечӀин ва Аллагьасул вас гьечӀин, гьев вугилан, киналго гӀадамал гӀадин, цохӀого-цо вугев Аллагьасул лагъ.




#Article 134: КӀудияв ГӀумахан (1396 words)


КӀудияв ГIумахан (гьавуна 1761 соналда Хунзахъ росулъ — хвана 22 марталъ 1801 соналда Билканалда) —Аваристаналъул хан. 

Гьесул эмен вукIун вуго МухӀамад-нуцал IV, эбел  –  Хайдакъуцуми ХанмухIамадил яс Баху. МухIамаднуцалица Баху ячун Йиго Хайдакъалъул ханзаби Надиршагьасдаса тIурун Хунзахъе рачIараб мехалъ. 1741–1743 соназ магIарулаз авалияб кьабгIен швезабун буго «дунялго жиндасан хIинкьулеб» Надирида.
Надирица 1742 соналда Хунзахъе ритIун рачIун руго Сурхайханги Хаспулатшамхалги. Гьез абун буго: «Надирииа гьарулеб буго жиндихъе гъоркь – лъалие цо чанго чи кьеян, жив гьелдаса хадув Дагъистаналдаса нахъе инила». МухIамаднуцалица жаваб кьун буго: «Дица гIадамалги кьеларо. Надирида данде тIарамагъадисеб гамачIги багъизабила», – ян. 

ГI. Бакихановас хъвалеб буго: . 

Гьес мисалалъе бачунеб буго цо шагӀирасул кечI:

ГIумаханасул талихIаб лъимерлъи халатбахъун гьечIо. 1772 соналъ ЦӀоралда чIван руто гьесул имгIал МухIамадмирзаги гьесул вас Булачги.

ГIумаханасда тIаса гьитIинго ун буго инсул кваркьи. Гьев гьитIииго кIудияв гIун вуго, 15 сон байдал. гьесне гьабун буго хвалчен бухьи  – вас гIеялъул байрам.
ГIумаханас дагьал чагIиги цадахъ рачун сверун (С.55) буго кинабго улка, щун вую киналго кIудиял ро – сабалъе. Гьев рещтIунев вукIун вуго мажгиталда.
Гьес магIарулазул росабалъ абулеб букIун буго: «Дун вуго нужер росдал гьобол. Нужеда лъала дида тIад бугеб налъи, дица рецIел босизе ккола ФатагIалиханасдаса дир инсулги, имгIаласулги, вацгIаласулги, цойги гьезда цадахъ чIварал гIагаразулги. Нужеца кумек кьечIони, дида гьеб босизе кIоларо», – ян.
ГIумаханас церехъабазе, гIалимзабазе кьолел рукIун руго сайгъатал. Гьес абулеб букIун буго: «ГIадамасе сайгъат къохьое нах гIадинаб жо буго. Инсан гьелъ тамах гьавулаян».

ГIумаханас ячун йиго ункъо чIужу. ТIоцеесей йикIун йиго яцгIал  – МухIамадмирзал яс КIилъилай. Гьей йикIун йиго цIодорай, рагIи чIарай. Гьелъие букIун бугоханасул магъалоялъул бутIаги. Гьелъул букIун буго гIемераб бечелъиги, цIакъ къачIарал рукъзалги. МагIарулазул кици буго: «КIилъилалъул гьиниш,  ГьетIарасул сийищ?»
Хадусей ккола ХъистIаман  –  Хайдакъуцумиясул яс, Бахумеседол эбел.
Лъабабилей чIужу  –  Дарижа (Дареджан) Абашидзе. Вахан хъалаялъул князь Евгений Абашидзел яс. Гьей йикIун йиго берцинлънялъул цIар бугей гIадан. ГIумаханас Дарижа ячун йиго Вахан бахъараб мехаль. Гьелда цадахъ ГьерекIли кIиабилес кьун буго 3 гIала, 1 барти, 3 лагъ – гъаравашги. Гьезда гьоркьоб букIун буго цо гIараб тайпаялъул гIала, «Дарижал гIала» абун бицен хутIун буго гъелъул магIарулазда гьоркьоб. Гъарабагъалъул Ибрагьим – ханас бачIараб бартиялдасанги гьеб гIалаялдасанги лъугьун буго магIарухъ цIияб чуязул тайпа. Чуязул элхъи (завод) нуцалазул букIун буго цIакъго цебего. Элхъи риидал букIунааннла ГIарахъ – магIарда, хасало  –  ЗагIиб. ГIумаханасул ункъабилев инсуда хурхараб кици буго: «Дугърил гIули гIадин риччан тун ругила».
Ячун йиго ГIумаханас КIванада росулъа ясги. Гьеб иш ккун буго гьадин. Бодулнухдасан унаго рекIаралгун, лъелалгун нуцал шун вуто КIванаде. Руччаби, лъимал тIох – тIохазде рахун ралагьун рукIун руго. Циндаго абулеб рагIун буго: «Гьагъав нуцаласул лъадуеги гьаб дунялалда гьагъасда аскIойги йикIун алжанги кьелеб батани,  гьев дурги битIараб гуро, БетIергьан»,  –  илан. Киналго эхеде ралагьун рую, йихьун йиго гьайбатай гIолохъанчIужу. ГIумаханас ячун йиго гьей. Рокъор ругез цIакъго рахIат тун гьечIо. Ханас цIар тIамизе ккун буго. Гьельул адаб гьабун КIванада росдадаса магьалогн рехун буго.

Бодул бетIерлъун (гьесда абулеб букIун буго майиндурилан) вукIун вуго ГIумаханасул яцалъул рос Чупан. Гьев киналго рагьаздаги гIахьаллъун вуго. Нахъа Чупан беццлъун вуго. ГIумаханас, беццав вугониги. Чупан цадахъ вачунев вукIун вуго. Халкъияб кочIолъ гьесдасан абун букIуна: «ГIакълу камиллъарав беццав Чупанилан».

ГIумаханасул тIоцевесев вазир вукIун вуго ГьоцIалъа ГIалиханил ГIалисканди, кIиабилев имам ХIамзатил эмен. ГIалисканди цIодорав. бахIарчияв чи вукIун вуго.

КIиабилев вазир вукIун вуго Хъазантидада. Гьесде гIурус документазда Дадайин абун букIуна. КIиабилев вазирасда тIадаб букIун буго магъало бакIариги, дулугъ бахъинги, бегиги, ханзабазул хъалаялъул гIадлуги.
Хунзахъа Дибиркъади вукIун вуго Аваристаналъул къадиги. ГIумаханасул мирзаги (секретар). Гьесда лъалеб букIун буго лъабго мацI: гIараб, фарс, турк. Дибиркъадица гьел мацIазул словарьги гьабун буго. ГIумахан хведал Днбиркъадица гIараб мацIалда поэмаги гьабун буго.
Гьел гурелги, ГIумаханасда аскIор киназго рикIкIунел чагIи рукIун руго Гушу (Гунаш), ГIадалав, ГIали, Гари.

Аваразул пачалихъалда рукIана киназдаго лъалел болнухал. Болнухде нуцал вахъинелде, гьес хъалаялъул тIохда чIвалеб букIун буго рагъулаб байрахь.

Гьелдаса хадуб ГIалагIарталда данде ахIулеб букIун буго 50 росдал бо. Гьеб букIун буго хундерил бо. Гьеб богун къватIиве вахъунев вукIун вуго ГIумахан Игьалиие, Болъи.хъ, КIаратIе, ГIахьвахье, Анцухъе. Гьидалъе. ТIелекье, Ругъжаве. ЧIарале, Гъолоде.
Нагагь болъе вахъинчIев чиясда лъолеб букIун буго рогьодал гIакIа.

Гъолода данделъулел рукIун руго ЦIоралъул магIарулазул боялги.
Бодулъ 15 – 20 азарго чи гIолев вукIун вуго. Рагъал гьарун ГIумаханас рахъун руго: Кухна шагьар, Ахъсу, 17 кьояль сверунги ккун Нахичеван, гуржиязул хъала Гавази (лъабцIул), къварели Вахан, Ахалцихалъул пачаясул гIарадабиги рачун, Гумущ (9 моцIаль сверунги ккун). Салян, 1785 соналда.

Гиничукьа ХIайдарбегица хъвалеб буго: (С.56) «Гьес рахъарал шагьаралги, хъулбиги рикIкIун хIалкIоларо»,  –  ян. Неверовскияс хъвалеб буго ГIумаханасе магъало кьолаанила ЦIоралъул 17 вилаяталъ. Нилъеда цIарал лъалеб микьгоялъ кьолеб букIун буго 115 азарго гIарцул гъуруш, , хутIаразги гьедигIан кьолеб букIун батани, гьеб ккола 230 азарго гъуруш.
ГIумаханасдаса цебе цониги нуцаласдаги, яги Дагъистаналъул цойгидал ханзабаздаги кIун букIинчIо гьедин магъало лъезе ва гьеб бакIаризе. Щибаб соналъ вазир ГIалискандил бетIерлъиялда унел рукIун руго гьеб магъало бакIаризе хъулухъчагIиги нукарзабиги. БакIарун бачIараб магъало кьолеб букIун буго вазир Дадахъе, гьес хазиначиясухъе. Гьес гьеб сокIкIунеб букIун буго цагърахъ ва санкIахъ.

Гьеб хазина ГIумаханас сахаватаб квералъ бикьулеб букIун буго бесдалазе, ятимазе, къорол руччабазе.
Бахумеседо имам ХIамзатица чIвайдал гьабураб магIуялъулъ руго гьадинал рагIаби:

ГIумахан данде кколев вуго ираназул цIар рагIарав шагь ГIабасида. Щиб жоха «гIарцул лал?» ТIоцебе дида гьелъул магIна лъачIо, дагь – дагьккун хадув гъуна гьел рагIабазул магIнаялда.

ГIумаханас бахъун буго ГьерекIли кIиабилесул магIданалда тIад бараб Гумушхъала. Гьениса нахъе баччун буго бацIцIадаб гIарац ва хIамузда, гIорцIабазда, варанабазда лъун бацIцIад гьабичIеб магIдангун (руда) Хунзахъе шведал, ханзабазул гьиналда аскIоб бекизабун буго тIалу, гьабун буго гьоцIо. Гьабизабун буго кIудияб михир, вахъун чIарав чиясул рачлихъе бахунеб, маххул мохрочалаби, гьезда ран руго оцал, тIамун буго «гIарцул лал», хадуб рехун буго, лалго гIадин хутIараб «тIоршел» лъаралъ чурун буго. Лал тIамун лъугIун хадуб ГIумаханасе бахъун буго лъабго къали гIарцул (43 кг.) 

ГIумаханасул пикру ккола жиндирго пачалихъалъул ракьалда гIарцул магIдан (руда) балагьизе. Нахъисеб соналъ Гумущалдаса рачун руго магIдан лъалел гIадамал. Нукарзабигун цадахъ гьез сверун буго Аваристаналъул ракь. Гьезда гIарцул магIдан батун буго ГьимагIурул тIарада.
Живго нуцал цадахъ чагIигун ун вуго гьениве. Рагьун буго гьениб гIарцул магIдан, хIамуз, гIурцIмуз Хунзахъе баччун буто гьеб. Гьелдаги тIамун буго «гIарцул лал». Гьеб магIданалда гъорлъ гIарац мукъсанго батун буго.

ГIумаханас кIвар кьолеб букIун буго росдал магIишаталдеги. ЦIоралдаса ккурал лагъзалерида гъорлъа ралагьун руго церет пиринчI бекьулел рукIарал чагIи. Гьолокь росдал АваргIурул рагIалда бугеб Ахалахада абураб бакIалда бекьун буго пиринчI. Гьеб гьениб барщулебги букIун буго. Гьолокь ГIумаханасул букIун буго кIудияб ракьги, рукIун руго рукъзалги. 1795 соналда Ираналъул шагь АгъамухIамадханасдаса лъутун рачIун руго Ибрагьимханги,  Бахтикаги,  лъималги.

Гьел нуцаласул Гьолокь ругел рукъзабахъ тун рукIун руго дунял хинлъизегIан. Жиндирго ракьалда Гьолокьги ЛъагIилухъги бекьизабун буго самсаму (цIоросаролъ).

Гьолокьги ЛъагIилухъги букIараб ханзабазул ракь имам Шамилица байтулмалалде хъван буго. Гьелдаса хадуб гIурусаз къазнаялде босун, жидее хъулухъ гьабурал офицерзабазе кьолеб букIун буго. ЦIоралдаса ГIумаханасе ритIулел рукIун руго пихъил гъутIби (нуцабазул кокон, сабудаса гIеч). Къоло шуго соналъ гьабун буго ГIумаханас нуцаллъи. Гьес чIвазе къотIун буго цо чиясе  –  гьелдаги гьесул ракI бухIун букIун буго.
ГIумаханасул буюрухъалда рекъон пачалихъалда гьабун буго халкъалъул хъвай – хъвагIайги. Гьеб хIалтIи тIадкъан буго дибирзабазда. Хадуб данде босун буго къадар.

Халгьабураб мехалъ, аваразул пачалихъалда вукIун вуго нусазарго чи. ГIумаханасул заманаялда цIикIкIун букIун буго магIарулазул жанисан гъунки. Киназдаго бичIчIун буго жал цо чагIи рукIинги, ГIумахан нуцал вукIинги, цо тахшагьар букIинги. Гьеб цокIаллъиялъги гъункиялъги магIарулазе квербакъула Надиршагь щушахъ виххизавизеги. Гьев нуцаласул рагIи Кавказалъе къанунлъун лъугьун буго. Жанисан гъункичIеб хIукуматалъ къватIире кьалбалги риччаларо. Гьелъие нугIлъи гьабулел кочIол мухъал нахъеги хутIун руго:

ГIурусазул аскаралъ нух ккун буго магIарулазе. Нуцалас буюрухъ кьун буго, гIурус аскарги рештIаралъуб тун, цере аян. МагIарулазул бо сордо базе рештIун буго. Сордоялъ рилъун гIурусаз нахъойги нух ккун батун буго. МагIарулаз рагъ гьабун гьечIо, ругелъур гIурусалги тун Тифлисалдехун ун руго. Лъабабизеги Иори гIурул рагIалда гIурусаз нух ккун батун буго. Гьеб мехалъ нуцалас (С.57) буюрухъ кьелалдего, АхIмадхан юрталъул боги бачун гIурусазде тIаде кIанцIун вуго, рагъ гьабун буго. ГIурусал нахъе къан руго. Вазир ГIалискандица кьаби щвезабун буго гуржиязда, гьел лъутун руго. ГӀалисканди богун гIурус аскаралде нахъе лъугьун вуго.

ГIурусаз батальонал, гьоркьор гIарадабиги лъун, ункъбокIон (каре) гьабун чIезарун руго. ТIаде гIарададул сачмаги гуллаги байдал, АхIмадханил бо тIурун буго. ГIумаханас цойгидал боязе тIаде кIанцIизе буюрухъ кьун буго. Гьезулги жо ккун гьечIо. Цинги живго ГIумахан кIанцIун вуго тушманасде тIаде («угъузилал рачун, дайтилал рачун, маххулъан бер баккун хунз цадахъ рачун»). Нахъе къалел ругел магIарулазда гьес гьарулеб букIун буго: «Нужеца яхI бахъе, гIолохъаби! Нилъеда данде гьал чIоларо», – ян.

Гьел тIуридал, живго тIаде ун вуго тушманасде. Гьесда сверун ругел Гушу, ГIалибулат, гьесул гIагарал чагIи  –  дайтилазул анлъгояв гIарададул сачмаялъ гъурун руго. АскIор хутIараз ГIумахан нахъеун вуго. Боги нахъе биччан лъукъарав живго ЧӀарахъ чIун вуго гьев. ТалихIкъосараб гьеб рагъ ккун буго 1800 соналъул 7 ноябралда.

ГIумахан хун вуго 1801 соналъул апрелалда. Бицен букIуна гьесие загьру кьун бугилан. Гьеб хIалтIи гьабун бугин абула гьобол ХIалаж ГIабдулагьицаги гьесул рагьтIател АхIмадил ГIашибицаги. ГIумахан вукъун вуго ЧӀарахъ росдал мажгиталъул азбаралда.




#Article 135: Аваразул ханзабазул сияхӀ (152 words)


Гьаб сияхІалда рехсон руго аваразул кІиябго пачалихъ Сариралъул ва Нуцаллъиялъул бетІерлъуда рукІаразул цІарал.

Сариралъул ханзабаздаги нуцалзабаздаги гьоркьоб букІараб бухьен бихьизе бегьула Сариралъулги Аланиялъул рукІарал гьоркьоблъабаздасан. Ибн Рустаца Х гІ. байбихьуда рехсарав Авар абураб цІар бугев Сариралъул ханасулги нартазул эпосалда рехсон вугев Ауар-ханасулги цІаразда гьоркьоб буго баянаб аналогия, гьенисан бачІунеб буго пикур Авар абулев бетІерги (нуцал) Сариралъул жинца аланиязул ханасул яс ячун вукІарав цІар лъаларев ханги цого гІадмал ругин абураб. Авар нуцалзабазда гьоркьоб тІибитІун рукІун руго жидер бачІин осетиязул мацІалдаса ругел цІарал. Мисалалъе ГІандуникІ абураб (гІемерисебни гьеб рикІунеб буго Андроникос (грек Ἀνδρόνικος), абураб цІаралдаса бачІараб бугин абун),  рес бугеб жо буго, гьири мацІалъул æндан ( — чаран) абураб рагІудаса бачІун бати,  цогидаб цІар — Сиртан — гьединго лъугьараб батизе буго гьириязул мацІалдаса, нартазул эпосалда рехсон буго гьеб Сырдон, Ширдан хІисабалда.

МухІамад Рафиясул «Дагъистаналъул тарихалда» I Суракъатиде щвелалде рехсон руго гьесул умумул, амма гьеб ицц тІубанго битІараблъун кколаро.

Лъаларел цогидал ханзаби

Лъаларел цогидал ханзаби




#Article 136: Инхоса ГІалихІажияв (361 words)


Инхоса ГІалихІажияв (1845 — 1889) — вуго аваразул литературияб мацI камилго къачIарав кIудияв рагIул устар, хъвадарухъан, шагІир..

ГӀалихӀажияв цӀалулев вукӀана мутагӀиллъун ЧӀикӀаб, Миякьоб ГӀумархӀажида, Гъадарив Къурбанов Къадида аскӀов. Гьесул букӀана лакайдул тӀажу, гурде ва цебебухь, гьелда гъоркьан ретӀелги букӀунароан. Цо нухалда ЧӀикӀаса гьоболас ГӀалихӀажиясухъе кьун pyro кьагӀазул тахтабазул гьабураб тӀимугъги чакмаялги ретӀине, тӀад лъезе хъурайсинтӀагъурги. Гьесухъги балагьун, гьоболас цӀакь рекъолин абун буго. Амма ГӀалихӀажияс гьеб ретӀел тӀаса бахъун буго, гьоболасе кӀудияб баркалаги кьун, гьесухъе кьун буго, жиндие насиб гьечӀиланги абун. Гьесул сахаватаб ракӀалдаги, чияр жо анищан кколареб гӀамалалдаги гьобол цӀакъ бахиллъун вуго. ЧӀикӀаб цӀалулаго, дибирас цо-цо свера-тиризе гьазие изну кьолеб букӀун буго. МутагӀилзаби лъел цӀeзe ясал рачӀунеб бакӀалде иццде унел pyкӀyн pyгo. Лъимги цӀун, ячӀуней цо берцинай яс гьазда данде ккун йиго. Гьелдеги валагьун, ГӀалихӀажияс гьадин абун буго:
 

 
АскӀор рукӀарал мутагӀилзабаз гьасда гьикъун буго, бегьилищ дуца ясалде гьединаб кечӀ рикӀкӀинеян. ГӀалихӀажияс бегьилилан жаваб кьун буго, щай абуни, гъолъие гъоб кечӀ рагӀизе цӀакъ бокьанилан. ГӀалихӀажияв кечӀ гьабизе гӀeмep ургъизе кколарев вукӀун вуго. Вачун бихьизабураб, яги бицараб гӀолаанила кечӀ рикӀкӀине, цебего гьеб ургъараб гӀадин. Миякьоса ГӀумархӀажица цо дарс кьурабго, ГӀалихӀажияс кинабго peкӀeлъе тӀолаанила, цинги нахъияб къояль дарс кьураб тӀехьалъул хӀасил гъос ГӀyмapхӀажие бицунаанила. Инхоса Лабазан-дибир абулев чи ун вуго ГӀалихӀажиясде аскӀове цӀализе, дос цо дарс кьурабго рекӀелъе гӀелму тӀолаанила. Жиндица гӀелму босизе ва жиндиль бугеб цогиясе кьезеги кӀудияб гьунар, махщел букӀун буго гьесул.

Рузман сордояль жидеего нигӀматал кьеян гьаризе гӀадамазул рукъзабахъе унаго, кинацаго цеве тӀамулаанила ГӀалихӀажияв. Гьев, хасаб макъанун, назмуялда рекъезабун, хитӀаб гьабун кӀалъалаанила гӀaдамаздехун: «ГӀадамалчагӀи, хирияб сордо буго, кири батила. НигӀматал гьарза гьареги, балагьал рикӀкӀад гьареги, халатаб гӀумру, чорхое сахлъи, рукъалъе бечелъи, боцӀуда баркат, цӀoгьoдaca рахъи, хъурмидаса цӀуни, цӀа рикӀкӀалъи, лъим гӀaгарлъи, иманалда хвей, ахират лъикӀаб, бокьун кьей, кьун босе, кьолелда разилъе, малъулел гӀемерлъаги, лъалел гьарзалъаги, лъикӀаб — аскӀоб, квешаб — рикӀкӀад, бихьаралде щукру, щваралде иман, Аллагь гурхӀи, хӀадис бокьи, хӀакъаб бичун, тӀекъаб нахъе, хъвараб бихьи, кьураб боси, ахӀи-xӀyp гӀодоб, гӀoдop риччай халат, балагьазде сабру, рахӀматазда рохи, рекӀелъ иман, aскӀoв вали, босизе гӀедерлъи, бичизе кӀвахӀаллъи, аскӀор гьуинлъи, гьобол хиралъи, херазе талихӀ, бахӀаразе рохел, хъизан рекъон, рукь бохун, абурай йокьи, йокьарай щвей, щивав мурадалде щвей, мунагьал гьарунгутӀи, гьарурал чури, мурад тӀубай, тӀаде цӀикӀкӀин, цӀияб эркенлъи, ахӀизе талихӀ, тухумазе рохел».

Ясал ва къоролзаби ругеб рокъобе рикӀкӀунаан: 




#Article 137: XIажи Мурад (488 words)


XIажи Мурад  (; гьав. 1818 — 5 мая 1852) — магlарулазул аскаралъул бетIер, Имам Шамилил наиб ва бищун аскIовегIанав кумекчи. Толстой Лев Никlолаясул Хаджи-Мурат абураб литературияб къисаялъул багьадур. Магlарулазул халкъияв бахlарчи. Гьавуна ва кlудияв гlуна Хунзахъ росулъ ханзабазул лъималазда аскlов. Ханзабазул лъималазул рахьдал вац. Вукъун вуго Азарбижаналъул КъахӀиб мухъалда.

Бахlарчи гьавураб къо-моцl ﻿алхинчIого лъаларо. Тарихчагlаца бицухъе гьев гьавун аваразул ханасул вас Гlабу-Султан Нуцалидаса хадув ва гьесу вац Гlумар-ханидаса цеве. Гьел вацал гьарурал санал ккола 1816-1818. Гьединлъидал Хlаджи-Мурад гьавурав сонлъун рикlкlуна тарихчагlаз 1818 сон.

Хlажи-Мурадил лъимерлъиялъул ва гlолохъанаб заманалъул хlакъалъулъ мухlганго лъалеб жо дагьаб буго. Эбел-эмен рукlана магlарулазул гlадатияб тухумалдаса. Эбелалъ гьасда цадахъ хахулел рукlана ханзабазул вас, гьелъ Хlажи-Мурадги ва гьасул кlудияв вац Гlусманги рукlана ханзабазул лъималазе рахьдал вацаллъун. Тарихчагlаз бицухъе, Хlажи-Мурад кlудияв гlуна ханзабазул васал Гlабу-Султан Нуцалида ва Гlумар-ханида цадахъ. Гьитlинаб къоялдаса нахъе Хlажи-Мурадие данде кколароан чlухlарал ва пударулел гlадамал. Гьелъ жиндирго гьунарал гlадамаздаса рахчулаан гьес.  

Хlажи-Мурадил хlакъалъулъ умумуздасан бачlараб бицен буго гьадинаб: цо пуланаб къоялъ Хlажи-Мурадги ва ханзабазул васалги чанае щола Игари-рагlал абураб Хунзахъ росуахада бугеб бакlалде. Гьенив вукlарав чотlахъанас гьал рихьигун чу биччала ункъиде кIанцIизе, жиндирго гьунар бихьизабизе. Биччан унеб чу бихьарав Хlажи-Мурад векерула чоде данде, чlезабун гьебгун чотlахъан гъоркье вахъинавула. Хlажи-Мурадица гьесда абула, дурго гьунар бихьизеялъе гIоло чое гlакъва кьогеян. Ахцарав чотlахъанасда абизе жо батуларо.

Хlажи-Мурадица гьитlинаб къоялдаса нахъе лъазабулаан Къуран, Мухтасар ва Тафсир. Цlализе ва хъвадаризе гьесда лъалаан гlажам мацlалда (магlарул мацl, гlараб алфавиталъ хъвараб). Гьитlинаб къоялдаса нахъе гьесие рокьулаан чуялги, ярагl-матахlги.

Бицен буго, кlудияв гlураб мехалъ гьасие гlурусаз къунила цо суал: «кида дуда бичlараб мун хlинкъи гьечlев чи вукlин?». Гьеб суалалъе Хlажи-Мурадица къола къучlаб жаваб: «Бецlаб сардилъ дахlададаца дун витlун вукlана Бакъдай (боцlцlи-гьанз хундерица хьихьулеб авлахъ) чода хадув. Гьитlтlаб хlетlегун дун тlад чlчlана хинаб, тамахаб жоялда тlад. Гьеб букlана гlанкl, гlундулги ккун кодобе босар. Гьеб букlана дир тlоцебесеб бахIарчияб иш». Хlажи-Мурадил гIамал-хасият букlана хундерил бахlарзабазда рекъараб. Гьесда лъимерлъиялдаса нахъе бихьана ханзабаз гьабулеб букlараб иш, унел рукlарал рагъулал къеркьеял ва цогидал захlматал ишал.

Гьединан 13 августалъ 1834 соналъ Хlамзат-Бекица гьркьо ине гьаруна лебалал васал жиндиего Хунзахъ росу бахъизе бигьалъиялъе. Гьебго къоялъ Баху-бикаги Хъистlаман-бикаги Хунхзахъа рачахъула Гиничукь росулъе. Гlабу-Нуцалил хъизан хутlана ханасул рокъой Хунзахъа лъимергьайизе йикlиналъе гlоло. Бихьинлъиялъ къвакlарай Баху-бикае бокьун букlана Хlамзатгун дандчlвазе. Баху-бикада гьитlинаб къоялдасанахъе лъалаан Хlамзат. Гьев вукlана ханзабазул рокъов хъулухъ гьабулесул васлъун. Хlамзатие бокьичlо Баху-бика йихьизе. Гьес ханзабазул рукъ жиндирго кверщеликье босула гьеб къоялдаса нахъе. 

Хlамзат-бекида лъалеб букlана цо ханзаби чlван Авар ханство жиндирго кверщеликье босуларелъи. Гьес буюрухъ кьуна Сахъадерил хан Сурхай кквезе. Сурхай-хан вукlана Баху-бика вацгlал. Гьелдаса хадуб Хlамзатие бокьана ханзабазул бечелъи бахъизе. Гьелъие хlажатал буюрухъалги кьун, Хlамзатица ахlана жиндихъего Баху-бика. Къвакlарай гlаданалъ Хlамзатида баркула бергьенлъи. Гьеб бокьичlев Хlамзатица мюридасде къинкlула бетlер къотlеян. 

Хlамзатица гьабуралда рекъоларо гьасул бищун гIагаразегицин. Инжилъарав жиндица гьабуралдаса Хlамзат гьардола тlаса лъугьаян. Гьес гьерсал рицуна, Баху-бика чlаго тани, гьелъ гlурусазда кумек гьарулин. Киназдаго бичlулеб букlана Хlамзатица гьабураб вахlшияб жо. Хадусеб къоялде чlвала Сурхай-ханги.

Хундерие вокьулароан Хlамзат-бек. Хундерица ургъула хlилла Хlамзат чlвазе. Гьаз ургъухъе бахча-ккван 18 бахlарзал рачlуна Хlамзат чlвазе. 18-сго Къураналтlа кверлъун рагlи кьола лъидаго бицинарин жидерго сихlр.




#Article 138: Почалъул индекс (126 words)


Почалъул и́ндекс — ккола цоцада хадур цун хъварал хІарпал яги рикІкІенал, жиб жубалеб почалъул адресалде кагътал рикьизе бигьалъиялъул мурадалда. Жакъасеб заманаялда цІикІкІунисел халкъиял почалъул хъулухъаз хІалтІизабула почалъул индексал. 

Россиялъул Федерациялъул «Почалъул хІакъалъулъ» бачІараб Федералияб къануналда рекъон (редакциялда 22.08.2004, № 122-ФЗ), «почалъул индекс ккола — почалъул адресалъул шартІияб рикІкІеналдалъун гьабураб гІуж, щибаб почалъул бухьеналъулаб бакІалъе жиб кьолеб.

Почалъул индексал раккаралдаса хадуб заманго инчІого, чІахІиял шагьарал рикьун рукІана почалъул зонаязде, жодое рихьизарурал почалъул бутІабаз хъулухъ гьабулел рукІарал ва жодор хассал нумерациял рукІараб. Почалъул индексазул цІияб баккараб системаялда гьел цере рукІарал почалъул бутІабазул кодал (номерал) гьоркьоб-гьоркьоб данде чІвала. 

Россиялда хІалтІизабула 6-гоялдасан гІуцІараб система XXXYYY, жинда жаниб тІоцебесеб XXX — шагьаралъул кодлъун букІунеб, ва хадусеб YYY — почалъул бутІаялъул кодлъун букІунеб, амма цо-цо чІахІиял шагьаразул, мисалалъе Москва яги Хабаровск гІадинал, гьезул рукІуна чанго шагьаралъул кодал. 




#Article 139: Амстердам (135 words)


Амстерда́м ( ) — тахшагьар ва бищун кІудияб шагьар Нидерландазул. Ханлъиялъул тахшарлъун буго 1814 соналдасан байбихьун. Гьеб буго Шималияб Голландия провинциялда, улкаялъул бакътІерхьул рахъалда Амстел ва Эй гІорал лъугІулеб бакІалда. Нордзе-каналалдалъун Амстердам хурхинабун буго Шималияб ралъадгун.

Шагьаралъул цІар бачІун буго кІиго рагІиялдасан: «Амстел» ва «дам». Амстел — шагьар жинда аскІоб бугеб гІоралда цІар, ва «дам» нилъер мацІалде буссинабуни «сангар къай». XII гІсаруялъ гьеб букІана гьитІинаб ччугІихъабазул росулъун, амма Нидерландазул меседил гІасруялъ Амстердам лъугьана дунялалъулго бищун кІвар бугел портазул цояблъун ва кІудияб бича-хисиялъул центрлъунги.

Шагьар ккола батІи-батІиял маданиятал дандечІвалеб бакІлъун — 2009 соналъул апрелалда гьениб гІумру гьабун рукІана 177 миллаталъул вакилзаби.

Амстердам гьединго ккола Нидерландазул финансазул ва маданияталъултахшагьарлъунги. Гьанир рукІана бищунго дунялалда чІахІиял 500 компанияздаса кколеб 7 компаниялъул штаб-рукъал, мисалалъе, Philips ва ING Groep. Гьединго шагьар бакьулъ буго дунялалдаго бищун некІсияблъун рикІкІунеб фондалъулаб биржа.

Амстердамалда буго Гринписалъул бетІераб офисги.




#Article 140: Финляндия (109 words)


Финля́ндия ( , ; официалияб куцалда Финля́ндиялъул Жумгьурият, , ) — Европаялъул шималияб рахъалда бугеб пачалихъ. 2015 соналъул рикІкІеналда рекъон халкъалъул къадар бахуна гІага-шагарго о 5 479 800 чиясде, ракь — 338 430,53 км². Гьеб бачІуна нусиялда анцІила лъабабилеб бакІалде халхъалъул цІикІкІеналъул рахъалъ ва лъабкъоялда ункъабилеб бакІалде ракьалъул кІодолъиялъул рахъалъ, дунялалдаго.

Тахшагьар ва бищун кІудияб шагьарлъун пачалихъалда ккола — Хельсинки шагьар. Пачалихъиял мацІаллъун ккола фин ва швед мацІал. 

Финляндия ккола Парламенталъулабгун-президентасул республика. 5 февраля 2012 соналъул 5 февралалдаса байбихьун президентасул бакІ ккола Саули Нийнистёца.

ГІорхъи цо гьарула Россиялъулгун - бакъбаккуда, Швециялъулгун - шималиябгун-бакътІерхьуда ва Норвегиялъулгун - шималияб рахъалда. Жанубалда ва бакътІерхьуда пачалихъалъул ракьал чурула Балтий ралъдаца. Эстониялъулгун ралъдал гІорхъабиги руго Финляндиялъул.




#Article 141: Гьоболхана (100 words)


Гьоболхана (ХІухь бахъиялъе чІолеб рукъ) () ккола — батІи-батІиял гІадамаз жиндасан мукагІатлъи босулеб, жиндир цо хважаин вугеб ва хас гьабун цо чанго номералдасан гІуцІараб рукъ. Щибаб гьоболханадул букIуна батIи-батIиял хъулухъал, рукIуна гIицIго бусен-тIала тIамун, санузелал рацIад чIезарулел, ва рукIуна квен-тIех кьеялдасан байбихьун, чвердезе хIавузалги, спорт гьабизе хасал залалги ва гьел гурелги хъулухъал цIикIкIарал гьоболханабиги.

ТІоцере гьоболханаби раккана шагьараздаса рикIкIалъуда ругел чIчIейбугебакIазда ва аслиял болнухазул рагIалабаздаса гIебеде. 

Жакъа заманаялъ халкъаздагьоркьоб тIобитIараб «отель» абураб рагIи бачIун буго франсиялъул hôtel рагIиялдасан. Гьоркьохъел гIасрабазда гьедин абулеб букIун буго шагьаралда бугеб рукъалде, гьоркьо-гьоркьоб жинда жанир машгьурал гIадамаз чIей гьабулеб, жодорго дуниял сверизе унел сапарзда ругеб мехалъ.




#Article 142: Генуса ГІабдуллагь-хІажи (247 words)


Генуса ГІалимухІамадил ГІабдуллагь-хІажи, цІикІкІун машгьурав вуго ГІабдуллагь устар абун (гь.  Генуб, Россиялъул империя — х.  гьенивго) — тасавупалъул Накъшубандияб тІарикъаталъул щайих, муршид.

Генуса ГІабдулагь-хІажияв гьавуна 1853 соналда имам Шамилил наиб КІудияв ГІалимухІамадил ва мурид Рекъав Ражабил яс ГІайшатил хъизамалда. ТІоцебесеб цІар гьесда букІана Ражабилав абун. 

Гьев цІалана доб заманалда Генуб росулъ дибирлъун вукІарав Унсоколоса ГІабдуразакъ-хІажиясда, Унсоколоса ГІабдулагь-хІажиясда, Муниса ГІабдусамадида ва Сугъралъа ГІабдурахІман-хІажиясда цеве. 

Гьесул хІаракаталдалъун Генуб росулъ гьаруна цІакъ гІемерал, гІадамазе пайдаял, кири цІикІкІарал хІалтІаби. Гьезда гьоркьор рехсезе бегьула:

ГІабдулагь-хІажиясул гІумруялъулъ хасаб бакІ ккола Генуб росулъ XX гІасруялъул авалалда гьес рагьараб мадрасаялъ. Мадрасаялъе устарас бан букІана кІудияб, кІитІалаяб санагІатаб мина. МагІарухъ тІокІаб гьединаб, хасаб, киналго шартІал чІезарураб Мадраса букІин лъалеб гьечІо. ТІолабго Дагъистаналдаги, цІакъ къанагІат гурони, букІун батиларо гьеб тайпаялъул цІалул идара. Гендерил мадрасаялде хьвадулаан как-диналъул кьучІаздасан, Къуръан цІалиялдасан байбихьун камилаб гІелмуялде рахинегІан цІалулел цІивурзабиги, мутагІилзабиги, тІалибзабиги. Гьелги рукІана батІи-батІиял росабалъа рачІарал, батІи-батІиял миллатазул вакилзаби.

КІудияв гІалимчи, шайих, тІарикъаталъул устар, жамгІияв гІуцІарухъан, динияв хІаракатчи, мискинхалхъалъул гьудул, гІадатияв инсан Генуса ГІабдулагь-хІажияв устар халкъалда жаниб цІакъ къадру цІикІкІарав, гІадамазе живгоги жиндиего гІадамалги цІакъ рокьулев, гІаламалъул жинде кІудияб мугъчІвай бугев чилъун вукІана. 

Иргадулаб нухалъ пачаясул тІадтараз туснахъ гьавизе ахІун Шурагьиве унаго, гендерил мугІрузда тІад росо бихьулеб бакІалда шагьидаб хвелалдалъун гьев гІумруялдаса ватІалъана 1916 соналда.

Устар ракьалдаса ин халкъалъего захІматлъараб, гІаламалдаго унтараб лъугьа-бахъинлъун букІин бихьула гьев лъалезул асарал цІалулаго. Машгьурал шагІирзаби гурел, гІалимзабиги, рекьарухъабиги, ахихъабиги, ай, къокъго абуни, гІадатиял магІарулал назмаби гьаризе, жидерго рагІи абизе лъугьиналъго бихьизабула ГІабдулагь-хІажияв халкъалда жаниб цІакъго кІвар бугев, кІудияб даражаялъул, жинде гІадамазул божилъи цІикІкІарав Аллагьасул вали вукІаравлъи.




#Article 143: Аэродром (123 words)


Аэродро́м ( — гьава ва  — нух, къватI рагIабаздаса) ккола — ракьул яги лъел бутIа, жинда тIад гьавадул эркенаб бакІгун, рорженал гьаризе къваригIараб тIагIел-къайигун цадахъ бугеб, жинца рес кьолеб эхеде бахъин, рещтІин, роржунел объектал рачин, самолётал, вертолётал ва планёрал сукIизе ва гьезие хъулухъ гьабизе жиб бихьизабураб.

Аэродром хІадурун букІуна цо яги цІикІкІун эхеде бахъингун-гІодобе рещтІиналъул чІалаздасан.

Аэродром гІуцІун букІуна роржанхъиялъул авлахъалдасан ва гьавадулаб багъа-бачари билълъинабулеб комплексалдасан.

ИКАОялъул нухмалъи гьабулеб документалда рекъон, аэродромазул классификация тІобазабула кодалъул гІаламатазда рекъон.

кодалъул гІаламатал дандгьарун рукІуна кІиго элементалдасан.

КОДАЛЪУЛ ЭЛЕМЕНТ 1

КОДАЛЪУЛ ЭЛЕМЕНТ 2

Мисал: Самолёт Ил-62М тІабигІияб рорженал гьаризе рес бугеб гьава-бакъалъул заманаяла, жиндир рорженалъул халалъи 3 280 метраялде бахунеб, куркьбузул хьвагIи 43,2 метраялде ва аслияб шассиялъул къватIисел бурдузда гьоркьоб бугеб манзил 8,0 метраялде бахунеб самолёт, данде ккола аэродромалъул классификациялда рекъон 4D-ялда.




#Article 144: Мулла МухІаммад ГІумар (286 words)


МухІаммад ГІумар, гьединго машгьурав вуго Мулла ГІумар абунги (; гь. 1962 соналъ яги 1959 соналъ — хв. 23 апрелалъ 2013 соналъул) — ТІалибан хІаракаталъе кьучІ лъурав, Исламияб Имарат Афгъанистаналъул амир.

ЧІван-къотІараб гьавураб къо-моцІ лъалеб гьечІо. Миллат - пуштун, Хотаки тухумалъул чи. Гьавуна Къандагьаралъул Нодех абулеб бакІалда), мискинаб векьарухъанасул хъизамалда. БакІалъулаб мадрасаялда байбихьул шаригІаталъул лъай щварав гьев, эмен хун хадуб росдал дибирлъун вукІана.

Советиял рагъул къуватал нахъе ун хадуб, 1989 соналъ мулла ГІумар лъугьана жинцаго кьучІ лъураб мажгиталъул имамлъун, Къандагьаралъул бакътІерхьуда бугеб Майванд икълималъул Сангсар росулъ.

Гьев вукІана Афгъанистаналъул бетІерлъун (Исламияб Имараталъул заманаялда) 1996 - 2001 сс. Жиндир хІукмуялда вугеб гІанасеб заманаялъ МухІаммад ГІумар, гьеб заманаялъ Афгъанистаналъул официалияб гуреблъун букІараб тахшагьар Къандагьаралда букІараб резиденция бахун цІакъ къанагІат гурони къватІиве унев вукІинчІо; Кабулалде гьев ваккана гІицІго ункъго нухалъ.

Сахебил рагІабазда рекъон, ахирисеб къо щкезегІан ГІумар дандечІун вукІун вуго Къандагьар ьун иналда ва гІицІго америкаялъул рагъул къуватал шагьаралде лъугьунеб къоялъ разилъун вуго гьениса цодагьабго цІодорлъи гьабизе рес рекъараб бакІалдехун ине. Шоперасул рагІабазда рекъон, резиденциялдаса мулла вахъун вуго рикшаялда рекІун, цинги гІадатияб шагьаралъул къайичалдаги рекІон гьев вахчун вуго лъалареб бакІалда.

Гьев вугеб бакІ бицаралъухъ, АЦШ-аз 10 млн доллар кьезе бихьизабун букІана.

Цо-цо информалатазда хъван буго гьев суфизмаялда нахъ вилълъарав, тІарикъат гьабулев чи вукІанин, амма гьел жалазе хІужжа гьечІо.

Исламияб Имарат Афгъанистаналъул вукІарав къватІисеб сиясаталъул идараялъул бетІер Вакил АхІмад Мутаваккал, жив гІемерав мулла ГІумаргун дандечІварав, гьес гьадин абуна ГІумарил хІакъалъулъ: «мулла ГІумарил бищун цІакъал хасияталлъун ккола гьесул ритІухълъи, нич букІин, гьев вукІана рацІцІадал ниятазул чи. Жигьадалда гьесул цояб бер бахъана. Гьев вушл лъикІав рагъухъан».

Мулла ГІумарил рукІана ункъго лъади ва ункъго лъимер: кІиго вас ва кІиго яс. 1999 соналъ гьесул цояй яс хвана, ТІалибаназул цевехъанасде иргадулаб гьужум гьабизе гьесул рукъалда аскІоб лъун букІараб бомба кьвагьиялъул хІасилалда. Согласно другой версии, у него было пятеро сыновей.




#Article 145: Кипр (101 words)


Респу́блика Кипр (, ) —  Ракьдагьоркьосеб ралъадалъул бакътIерхьудехун кколеб чІинкІиллъиялъулаб пачалихъ. 2004 соналъул 1 маялдаса байбихьун Евроцолъиялъул гIахьалчи-пачалихъ.

Официалияб куцалда Кипр Жумгьурияталъ жаниб бачун буго 98 % Кипр чІинкІиллъиялъул ракьал (хутІараб 2 %-алда кверщел гьабун буго Акротири ва Декелия абурал бритІаниялъул рагъул базабаз), гьединго аскІар ругел чІинкІиллъаби Агиос Георгиос, Геронисос, Глюкиотисса, Кила, Киедес, Кордилия ва Мазаки. ХІакъикъаталда 1974 соналдаса хадуб чІинкІиллъи бикьана лъабго бутІаялде: чІинкІиллъиялъул ракьазул 60 % кверщел гьабула Кипр Жумгьурияталъул тІалъиялъ (аслияб куцалда греказ гІумру гьабун бугеб), 38 % — Туркиялъул Северияб Кипралъул Жумгьурияталъ (аслияб куцалда туркаца гІумру гьабун бугеб), 2 % — БритІаниялъул яргъид гІуцІарал къуватаз. ТСКЖ рикІкІун буго Абхазиялъ ва Туркиялъ жибго жиндаго чІараб пачалихълъун.




#Article 146: Сезер, АхІмет Неждет (100 words)


АхІме́т Нежде́т Сезе́р (; 13 сентябрь 1941 сон, Апйонкарагьисар) — Турциялъул анцІабилев президент. Турциялъул ТІадегІанаб Миллияб Шураялъ Сезер президентлъун вищана 2000 соналъ, гьесда цеве вукІарав Сюлейман Демирелил анкьго сонил болжал лъугІидал. 2007 соналъул 28 августалъ гьев хисана ГІабдуллагь Гюлица.

АхІмет Неждет Сезер гьавуна 1941 соналъул 13 сентябралъ Апйонкарагьисар шагьаралда.

Школа лъугІун хадуб 1958 соналъ, гьев цІалана Анкараялъул Университеталъул къанунияб Факультеталда ва жиндирго хІалтІул нух байбихьана Анкараялда къадилъун. Рагъул Академиялда хъулухъ гьабуралдаса хадуб, цин гьев хІалтІана къадилъун, ва хадубккун тІаде валагьулев къадилъун Анкараялъул ТІадегІанаб Апелляциялъул Судалда.

АхІмет Неждет Сезер вищана президентлъун 2000 соналъ, гьа бай къабул гьабуна 2000 соналъул 16 маялъ.




#Article 147: Синаялъул бащдаб чІинкІиллъиялда тІад А321-ялъул катастрофа (202 words)


Синаялъул бащдаб чІинкІиллъиялда тІад А321-ялъул катастрофа — ккола, 2015 соналъул щамат къо 31 октябралъ Синаялъул бащдаб чІинкІиллъиялъул централияб бутӀаялда ккараб дунялалъул авиациялъул тарихалда жаниб бищун чӀахӀиял катастрофабазул цояблъун ккараб авиациялъул катастрофа. Россиялъул «Когалымавиа» (Metrojet марка) авиакомпаниялъул авиалайнер Airbus A321 букӀана туризмаялъул Brisco операторалъ ижараялъе босун иргадулал гурел рорженал гьабизе биччан Шарам аш-Шайх — Санкт-Петербург мухъалда. Ракьалдаса батӀалъун 23 минут араб заманаялда экипажалъулгун бухьен къотӀана ва жибго лайнер радараздаса тӀагӀана. Египеталъул хӀукуматалъул хъирщиялъул къокъабазда самолёталъул хутӀарал кускул ратана  шагьаралда аскӀоб.

Киналниги борталда рукӀарал 224 чи (гьездаса 17 лъимер ва 7 экипажалъулав) хвана.

Гьеб ккола Египеталъул тарихалда ва Airbus A320 самолётазул тарихалда жаниб ккараб бищун кӀудияб авиациялъул катастрофа. Гьединго авиакатастрофаялда бищун гӀемер Россиялъул ватӀанчагӀи хвараб катастрофа.

Самолёт бачунеб букӀана россиялъул экипажалъ, кӀиго пилотасдасан ва щуго бортпроволникасдасан гӀуцӀараб:

Росавиациялъул баяназда рекъон, борталда рукӀун руго 192 чӀахӀиял пассажирал ва 25 гІисинал лъимал.

Россиялъул Президент Владимир Путиница гъваридаб зигара бана хваразул гӀагарлъиялда. Премьер-министр Дмитрий Медведевасда тӀад къана, Египеталда бортараб «Когалымавиа»-лъул самолёт бортиялда хурхун пачалихъияб комиссия гӀуцӀизе. Россиялда 1 ноябрь лъазабуна чІегІербаялъул къолъун.

Гьединго зигара бан бачӀана Египеталъул, Эрменистаналъул, Белоруссиялъул, Украиналъул, Азарбижаналъул, Турциялъул, Франсиялъул, АЦШ-ялъул, Эстониялъул ва цоги пачалихъазул церехъабаз. 

Emirates Airline, Air France ва Lufthansa авиакомпанияз чӀезе тана Синаялъул бащдаб чӀинкӀиллъиялда тӀасан рукӀарал рорженал, россиялъул лайнер бортиялъе сабабал чӀезаризегӀан.




#Article 148: Шарам аш-Шайх (аэропорт) (171 words)


Шарам аш-Шайх — Египеталъул гьебго цІаралъул шагьар-курорталда бугеб халкъаздагьоркьосеб аэропорт — Синаялъул бащдаб чІинкІиллъиялда бищун кІудияб аэропорт.

Рагьана 1968 соналъул 14 маялъ. Аслуялда гьеб бан букІана ва цодагьаб заманаялъ хІалтІизабун букІана ГІизраилалъул РГЬКЪ-ялъул хъулухъал тІуразе, ва гьеб мехалда гьелда цІар букІанаХалкъаздагьоркьосеб аэропорт Офира абун, гьебги букІана гьанже Шарам аш-Шайх бугеб ракьалде абулеб гІизраилалъул цІар. Кэмп-Дэвидалъул къотІи-къаяздаса хадуб, гьеб мухъалда букІараб кинабго ракьгун цадахъ, аэропортги бачІана Египеталъул кверщаликье.
       
Аэропорт буго Синаялъул бащдаб чІинкІиллъиялъул къиблаялб рахъалъул аххалъуда, шагьаралъул гІурхъиялда жанибхун.

Рорженал ва гІодор чІеял гьарула аэропорталда ругел 3-километраялъул кІиго чІолоялъул цоялда, къиблаябгун-бакътІерхьул яги севериябгун-бакъбаккул рахъаздехун.

Аэропрталда ругел ишараби хъван руго гІараб, ингилис ва гІурус мацІазда. Гьединго СНГ-ялъул пачалихъазде унел рейсазда бицунеб мацІги букІуна гІурус мацІ.

Аэропорталда буго кІиго халкъаздагьоркьосел терминалал (Terminal 1  Terminal 2), VIP-зона, Duty Free тукаби, банказул отделениял, гІемерал кафе ва тукаби, гьединго туризмаялъул операторазул ва авиакомпаниязул вакиллъабиги.

ГІорхъи чІвай гьечІого киналниги самолётазул киналго тайпаби къабул гьабизе рес буго аэропорталъул.

Цо къойида жаниб аэропорталда къватІибе биччазе кІола — 50-го ялде щвезегІан самолет.

Халкъаздагьоркьосеб гІуж — SSH.

Почалъул адрес — Sharm el Sheikh Airport, Ras Nasrani, Egypt




#Article 149: Турциялъул тІадегІанаб миллияб мажлис (119 words)


Турциялъул тІадегІанаб миллияб мажлис ( — TТІMM) — Туркия Жумгьурияталъул тӀадегӀанаб цопалатаялъул къанунал рахъулеб гІуцІи (парламент), гӀемерисеб махалда гӀицӀго межлис -ан абунги тола (). Гьеб гӀуцӀана 1920 соналъул 23 апрелалъ тахшагьар Анкараялда греказулгун-турказул рагъул заманаялъ.

Турциялъул тІадегІанаб миллияб мажлис данде бакӀарун букӀана 1920 соналъул апрель моцӀалда Туркциялъул конституция къабул гьабиялъул мурадалда, кинго гьеб  къабул гьабичӀо 1921 соналъул январь моцӀалда гурого.

Парламенталъул 550 депутат вищула ункъго сонил болжалие гӀаммал рищияздалъун партиялъул сияхӀалда данде кколеб куцалда 85 рищиязул округазда.

Халкъалъул рикӀкӀен цӀикӀкӀун букӀиналъ Истамбулалъе бихьизабун буго 3 рищиялъул округ, амма Анкараялъе ва Измиралъе — кӀи-кӀи округал.

Турциялъул парламенталда рачӀине изну кьоларо рищиязда 10 % цӀикӀкӀун гьаркьал росарал партиязе гурого.

Жакъа къоялда жаниб Турциялъул парламенталъул спикерлъун вуго Исмет Йылмаз, 2015 соналъул 1 июлалъ жив вищарав.




#Article 150: БердимухІамадов, Къурбангъули Мяликгулиевич (142 words)


Къурбангъули Мяликгулиевич БердимухІамадов (; гь. 29 июналъ 1957 с., Бабарап росулъ, Гёкдепе этрап, ГІашкъабад область, Туркменистаналъул ССР, СССР) — 2007 соналъул 14 февралалдаса байбихьун Туркменистаналъул президент (2006 соналъул 21 декабралдаса 2007 соналъул 14 февралалде щвезегІан Туркменистаналъул президентасул ишал тІоралев), пачалихъияв жигарчи, Туркменистаналъул министерзабазул кабинеталъул председатель, Туркменистаналъул яргъидгІуцІарал къуватазул тІадегІанав боязул бетІер, армиялъул генерал, медицинаялъул гІелмабазул доктор, экономикиял гІелмабазул доктор, Туркменистаналъул гІелмабазул академиялъул академик, Туркменистаналъул демократияб партиялъул председатель  (2007 - 2013 соназ).

Гьавуна 1957 соналъул 29 июналъ Туркменистаналъул ССР-алъул ГІашкъабад областалъул Гёкдепе мухъалъул Бабарап росулъ. Эмен, Мяликгули БердимухІамадович БердимухІамадов — мугІалим, КПСС-алъул гІахьалчилъиялде кандидат, битІа-бишизабулелгун-захІматалъул идарабазул вукӀарав нухмалъулев, гьанже — пенсионер. Мать — Огулабат-эдже. Дед, Бердымухамед Аннаев, был известным учителем, работал директором начальной школы, в годы Великой Отечественной войны он воевал на фронте. Къурбангъули вукӀана хъизаналда цохӀого цо вугев васлъун, гьесул яцазда цӀарал руго: Гулнабат, Дурдинабат, Гулжамал, Огулжамал ва Мягьри.

ЗахӀматалъул нух байбихьана 1980 соналъ гІусазул тохтурлъиялдасан. 




#Article 151: Сириялда Россиялъул Су-24 бортизаби (508 words)


Россиялъул гьаваялъулгун-космосалъул къуватазул Су-24-ялъул катастрофа — ккола 2015 соналъул 24 ноябралъ турциялъулгун-сириялъул гІорхъода Россиялъул рагъулгун-гьаваялъул къуватазул Сириялда бугеб къокъаялъул гӀарадаби ралеб Су-24М самолёт кьвагьизаби.

Россиялъул гӀарадаби ралеб самолёт кьвагьизабуна Турциялъул РГЬКЪ-азул гӀарадаби ралеб F-16 самолёталъ 6000 метраялъул борхалъуда ва гьеб бортана сириялъул ракьалда.

Сон нижеца бортизабуна [изну гьечӀого гьаваялъул гӀорхъи бахун жанибе бачӀараб] пилот гьечӀого хьвадулеб боржарулеб аппарат. Гьеб самолёт букӀарабаниги, нижеца гьелъиеги гьебго жо гьабулаан. Нижер сиясат киназдаго лъала. Нагагь нижер гӀорхъалаби рахун жанибе [изну гьечӀого самолёт] бачӀани нижеца гьелъие жаваб гьабизе буго.

Инцидент лъугьана ьакӀалъулаб заманаялъул 09:20 минут араб мехалда. Сириялъулгун-турциялъул гӀорхъабазул мухъалда рагъулаб тӀадкъай тӀобалеб букӀараб Россиялъул гӀарадаби ралеб Су-24, бортизабуна Турциялъул РГЬКЪ-азул гӀарадаби ралеб F-16 самолёталъ «гьава-гьава» ракетаги речӀчӀун.

Самолёт бортана мугӀрул гӀемераб  абураб мухъалде. Гьебги ккола сириялъул хӀукуматалъул армиялъ ва россиялъул рагъулаз гурхӀел гьечӀеб куцалда туркменазул гьениб гӀумру гьабун ругел гӀадамазда данде рагъ балеб мухъ. 

Турциялъ чӀезабулеб буго, Турциялъул гьаваялде кӀиго самолёт бачӀанин. Цо чанго нухалъ лъазаби гьабуралдаса хадуб гьезул цояб нахъе анин. КӀиабилеб самолёт нахъе инчӀо, ва гьеб мехъалда хал ккун рукӀарал турциялъул F-16 самолётаз гьелда речӀчӀун буго. Турциялъ лъазабуралда рекъон, россиялъул самолёталъ хвезабун буго Турциялъул гьаваялъул бакӀ Гьатай икълималъул Яйладаги мухъалда.

ЦМГІ-ялда Турциялъ гьабураб лъазабиялда рекъон, 24 ноябралъ лъил щибан лъалареб кӀиго Су-24 самолёт гӀагарун буго Турциялъул Гьатай икълималъул Яйладаги мухъалда аскӀобе. 5 минуталда жаниб самолётазе 10 нухалъ лъазаби кьун буго хехаб каналалдасан, нахъе ралагьичӀого къиблаяб рахъалдехун аян. Лъазабиялъухъ гӀенеккичӀого, 19000 футалъул борхалъиялда кӀиябго самолёталъ хвезабун буго Турциялъул гьаваялъул бакӀ 1,15 милалъул рорженгун 17 секундалда жаниб. Цояб самолёталъ Турциялъул гьаваялъул бакӀ тун буго, кӀиабилеб турциялъул F-16s самолётаз бортизабуна.

НАТО-ялъ у гьабуна россиялъул гӀарадаби ралел самолётаз Турциялъул гьаваялъул бакӀ хвезабунин абураб лъазаби Владимир Путинил баяназда рекъон, самолёт бортизабун буго турциялъул гӀорхъодаса 1 км рикӀкӀад, ва бортун буго гӀорхъодаса 4 км рикӀкӀад. РФ-ялъул тущманасдаса цӀуниялъул министерлъиялъ гьединго лъазабуна, турциялъул рахъалъан Су-24-ялъул экипажалъулгун бухьен гьабизе хӀалбихьи гьабиялъул жодор алатаз хъвай-хъвагӀай гьабун гьечӀоян.

КӀиявго лётчик гъоркье кӀанцӀана, цӀояв парашюталда вукӀаго гӀодове щвезецин течӀого мужагьидзабаз гьаваялдаго речӀчӀун чӀван, кӀиабилесул къисмат лъалеб гьечӀо. 

Су-24 самолёталъул экипаж хвасар гьариялъул хӀалтӀабазда гӀахьаллъизе бачӀана кӀиго Ми-8 вертолёт. Ракьдадасан речӀчӀараб жоялъул хӀасилалда гьелъул цоялъ тӀадаб рещтӀин гьабуна, ва рещтӀарабго мужагьидзабаз гьеб кьвагьизабуна. Гьелда вукӀарав россиялъул цо контрактгун вагъизе вачӀарав чӀвана. ХутӀарал вертолёталъул экипаж ва хвасар гьариялъул къокъа гьениса нахъе рачун ана. Гьедин бугониги РФ-ялъул тущманасдаса цӀуниялъул министерлъиялъ лъазабуна, хвасар гьариялъул хӀалтӀаби жуги унел ругин..

 Россиялъул Президент Владимир Путиница цо чанго сагӀаьалдасан лъугьа-бахъаралде «террористазе кумек гьабулез гьодида нахъасан щвезабураб кьаби»-ян абуна. Путинил рагӀабазда рекъон, россиялъул Су-24 бортизабизе Турциялъул кинабгӀаги хӀужа букӀинчӀо. Россиялъул тущманасдаса цІуниялъул министерлъиялъ турциялъул РГЬКЪ-аз гьабуралъе къимат кьуна, гьудуллъиялъул гуреб пиша бугин абун.

 Турциялъул Президент Ражаб Эрдогъаница Су-24 кьвагьиялда хурхун лъазабуна, киналниги пачалихъаз хӀурмат гьабизе кколин Турциялъ жиндирго гӀорхъаби цӀунизе хӀалтӀизабураб ихтияразулан.

 НАТОялъул Советалъул хъата-масан гьабураб данделъиялъул хӀасилалда гьеб рагъулабгун-сиясияб блокалъул гӀахьал-пачалихъазул вакилзабаз лъазабуна Турциялъул ракьазул жибго жиндаго чӀей цӀунизе киналго хӀадурал рукӀин, ва кинго гьез Россиялдеги Турциялдеги ахӀи бана гьеб гьоркьоб ккараб жо лъугӀизабеян.

 Франсиялъул Президент Франсуа Олландица россиялъулгун-турциялъул рахъазде ахӀи бана, россиялъул Су-24 бортизаби сабаблъун кӀиябго пачалихълда гьоркьор ругел бухьенал хвезе тунгутӀиялде.

 АЦШ-ялъул тущманасдаса цІуниялъул министерлъиялъул вакилас лъазабуна, гьеб катастрофа ккеялъе сабаблъун АЦШ гьечӀоян. Самолёт бортизабунин гӀицӀго турциялъул РГЬКЪ-азу F-16 самолёталъ-абун




#Article 152: ГІусман Губе (113 words)


Файл:Удостоверение Османа Губе.jpg|thumb|300px|right|ГІусман Губехъаса бахъараб удостоверение.
Россиялъул ФСБялъул архивалдаса документ
ГІусман Губе (СагІиднуров, гьавуна 1892 соналъ Эрпели росулъ Темир-Хан-Шурагьиб округ, Дагъистаналъул АССР) — алманазул жасус, полковник.

СагІиднуров ГІусман, магІарул миллаталъул чи, гьавуна 1892 соналъ Эрпели росулъ Темир-Хан-Шурагьиб округ Дагъистаналъул АССР гьанже Шурагьиб мухъалъул росу.

Гьес хъулухъ гьабуна Кавказалъул туземный дивизиялъул Дагъистаналъул полкалда. 1919 с. гьев лъугьана генерал Деникинил армиялде, 1921 с. Гуржиялдаса гочун ана Трапезундалде, цинги Истамбулалде. 1938 соналъ Губе хъулухъ гьабизе лъугьана Абвералде, ва рагъ байбихьигун алманаз ГІусмание рагІи кьуна Шималияб Кавказалъул «сиясияб милициялъул» нухмалъиялъул хъулухъалде тІамизе. 

КІудияб ВатІанияб Рагъ байбихьун хадуб ГІусман цІалана алманазул школалда ва гьенисан гьев ккезавуна Алманиялъул рагъулгун-ралъдал разведкаялъул нухмалъиялда гъоркье.

Фашистазул мурад букІана ГІусман Губе алманазул Кавказалда тІад таравлъун гьавизе. 




#Article 153: Хасавхъала мухъ (145 words)


Хасавю́рт мухъ (яги Салахъ мухъ) — административиябгун-ракьалъулаб цолъи ва муниципалияб гІуцІи Дагъистан Жумгьурияталда жиб бугеб.

Административияб центр — шагьар Хасавюрт (Салахъ), жиб МахІачхъалаялдаса 82 км бакътІерхьудехун кколеб.

Мухъ буго Дагъистаналъул северияб рахъалда, гьелъ гІурхъи цо гьабула Бабаюрт мухъалъулгун севералдасан, Чачан Жумгьурияталъул Гудермес мухъалъулгун бакътІерхьудасан, Гъизилюрт мухъалъулгун бакъбаккудасан, на юго-западе с ЦІиябтумазул мухъалъулгун къиблаябгун-бакътІерхьудасан ва НахъбакІ мухъалъулгун къиблаяб рахъалдасан. Мухъалъул ракьалъ тІубанго сверун жанибе бачуна мухъалда гъорлъе инчІого, жибго жиндаго чІараб Хасавюрт шагьаралъул муниципалияб гІуцІиялъул ракьал.

Ракьазул къадар бахуна — 1423,6 км².

Гьаниб гъоркьехун кьун руго 2010 соналъ тІоритІарал ТІолгороссиялъул халкъазул хъвай-хъвагІаялъул баяназда рекъон Хасавбрт мухъалда гІумру гьабулел миллатазул баянал (Хасавюрт шагьарги малъичІого):

Мухъалда гъорлъе уна 42 муниципалияб гІуцІи (цо чанго гІумру гьабулеб бакІ бугеб муниципалияб гІуцІиялда, кьариял хІарпаздалъун рихьизарун руго, гьеб гІуцІиялъул административияб центр):

Хасавюрт мухъалда гІезабула мугьазул культура, лващал ва пихъал. Хьихьула чІегІерхІайван ва гІиялъежал. ЦебетІураб буго мухъалда цІибил гІезаби ва гІанкІаби хьихьи.

Хасавюрт шагьаралда руго батІи-батІиял заводалгун фабрикаби. 




#Article 154: Википедиялъул бахІс:Вакиллъи (214 words)


Dear friends!  is a Wikidata approach to display additional information to . Nevertheless the titles and descriptions of the Wikidata items need translations in many languages. Maybe you can spend some minutes to add a few translations today. Best regards  () 10:32, 15 Январ 2016 (UTC)  

Dear friends! Today is Wikipedias 15th birthday. I want to let you know that the number of  there is also the  page  has increased to more then 409. The list contains pages from Wikibook project pages to Wikiversity and Wiktionary project pages. You may be interested in adding Wikidata labels and descriptions in your language. Only a few, maybe five. Please follow also the discussion at  and comment there.
Maybe you can translate this and use it somewhere:
If this is your first edit at wikidata: First go to . This will select the interface language for you. Then open the label links you want to translate in a new browser tab for each link. You should see an edit button and you should be able to insert the label in the corresponding field using a click/doubleklick. Same for the description and alias. Save your changes and go to another label link from the main list. Good luck!
Best regards  also aka  () 10:32, 15 Январ 2016 (UTC)




#Article 155: Сарир (1652 words)


Сарир (Серир) — аваразул мугІрузул Дагъистаналда букІараб гьоркьохъел гІасрабазул пачалихъ, VI - XI гІасрабазда жиб букІараб. Гьелъул хІакимзабазул дин букІана христианлъи.

Гьелъул цІар бачІана гІарабаца гьенив вукІарав хІакимасде абулеб букІараб цІаралдасан: «сахІиб ас-сарир» — «тах-бакІалъул хважаин».

Жакъа къоялде цІунун ругел сипатазда рекъон, Сарир букІана гІемерал гІадамалги ругел, гІемерал хъулбуз щулат гьабураб хІукуматлъун. Гьелъул тахшагьар букІана Хумраж (Хунзахъ) (тюрк мацІаздасан «Хуназухъ»).

Жиндир бищун цебе тІураб заманалда Сариралде гъорлъе унаан Дагъистаналъул мугІрузул рахъги гІодолъиги, ва гьединго мадугьалъихъ ругел ракьалги (Черкессалъа бахъараб Дербендалде щвезегІан).

Сариралъул — Дербендалдаса хьундасебгун бакътІерхьул рахъалда лъабго бахиналъ — букІана 12000 росу. Сариралъул ханасда цІар букІана Пилан-шагь, ва гьев вукІана христианияв. Цо-цо тарихчагІаз абухъе, Сасанидазул наслуялъул ахирисев хан Ездигерд, гІарабаз жив къезавидал, лъутун вуго Хорасаналде, ва амма жиндирго меседил тах ва гІемераб бечелъи Бахрам-Чубин абулеб тухумалъул хІакимгун Ездигердица нухарегІун буго Кавказалъул мугІрузде. Гьев Бахрам-Чубиназул хІакимас, хадуб Саририн жинда цІар лъураб ракь босун, гьеб тахги ва кинабниги ракьги, мулкги тун буго жиндирго наслабазе. Гьижраялъул VI-леб гІасруялда (1107 ва 1205 саназда гьоркьоб) вукІарав машгьурав шагІир Низамица гьеб цІар, ай Сарир абулеб, бачІанин рикІкІун буго Кей-Хосровил тахалъулги тажалъулги цІаралдаса, жалги гьенир (ай Сариралда) нохъабазда рахчун ругел.

Цогидаз абула, Сарир абураб цІар бачІанин  гьеб бакІалъул ханзабазул меседил тахида гІодор чІезе бугеб итяралдаса. Сариралъул ханас жиндирго кверщаликь ругел халкъазул бакьарав чи лъугьинавулев вукІун вуго лагълъун, ва гьес чабхъенал гьарулел рукІун руго хазаразул ракьалде. Сариралда аскІоб букІана Зирехгеран, гьабсагІат бугеб Кубачи, жаниб гІумру гьабун ругел — бусурбаби, христианал ва жугьутІал. Сариралдаса хьундехун букІана Гъумекиб, жиб Хайтакъалдаса бакътІерхьудехун бугеб. Амма хадуб, Бакихновас бачунеб буго: Гун (Хун) абулеб рахъ бугин МугІрузулаб Гъумекиб ва Авар, ва гьезул хан вугин Пилан-шагь, гьес ханлъи гьабулеб буги Гъумекибги, ГІахъущаги, Аваралдаги. Гелбахъ — Сариралъул хьундасеб тахшагьирал жинда абулеб букІараб — Бакихановасда рекъон, букІун буго Сариралъул цояб рахълъун, жинда жаниб Агран шагьар бугеб, жибги Сулахъалъул кваранаб рагІалда букІараб, Гъизил-Яралда (Гъизляралда) букІараб Сурхаб щулалъи, Кичимаджар хъала — Эндиреялдаса тІадехун, Чумлуялда букІараб, Улумажар хъала (Татартоп) — гьабсагІат ГьитІинаб Кабардаялда бугеб михІмар. Гьенибго Бакихановас хъвалеб буго, Сариралъул ханасе Терекалъул байбихьи бугеб бакІалда рукІарал гІарцул магІданал рахъулеб бакІги Аграналда пугеб пахьул магІдан бахъулеб бакІги кколеб букІанин; Сулахъалъул квегІаб рагІалда Чирурталдаса тІадехун ругел рухІарал иццаазде гьанжеги абулин Гелбахъалъул лъиналин, ва гьеб цебе рехсарабщинабги, Семендерги, Кейванги (Индираялдаги Таркиялдаги гьоркьоб) ва Сулахъалъул кваранаб рагІалда бугеб Балхги гъорлъе унин Туман-шагьил ракьазде.

Сарир пачалихъ хІисабалда баккана V гІасруялда. Биценазда гьеб хурхинабун буго персазул ханзабазул тах мугІруде бачІиналда. Цо-цо баяназда рекъон, Сариралъе кьучІ лъурав чилъун рикІуна персазул рагъул цевехъан Бахрам Гур; цогиязда рекъон — бакІалъул ханлъун чи танин персазул шагь Хасров Ануширваница. Сариралъул бутІрузул букІана меседил тах, ва гьеде гьабулеб букІараб цІар буго авараншагь. ГІарабазул Ибн Рустаца (X гІ.)баян кьолеб буго, Сариралъул ханасда цІар бугин «Авар» (Auhar) абун..

VI гІасруялда Хьундасеб Кавказалдасан Европаялде рачІана аварал — гьоркьохъеб Азиялдаса гочарулеб халхъ (гІемерисех рикІкІуна гьел рукІанин монголазул гІагараб халкълъул), жидеца цебесеб заманалда «сино-кавказоязалъулал» халкъал ракІарараб (цо ккураб пикру гІалимзабазда гьоркьоб гьеб рахъалъ гьечІо). Гьел аваразул цо къокъа чІана Дагъистаналда, гьез лъуна Сариралъе байбихьи ва гьелъул къуватаб пачалихъ лъугьинабуна, гьелдалъун гьес кьучІги лъуна магІарулазул миллаталъе. Гьеб теориялъул рахъ ккураллъун руго Й. Маркварт, О. Прицак, В. Ф. Минорский, В. М. Бейлис, М. Г. Магомедов, Т. М. Айтберов.

X гІасруялъул гІарабазул тарихчи МасгІудиясдасан бачІана:«ГІарабаз Иран бахъидал, ахир тІаде гІунІана сасанидазде, сасанидазул хан Йездигерд гІарабаздаса лъутана, жиндаго цеве гьес витІана божарав чи Сариралде жиндирго бечелъигун ва меседил тахгун. Хан чІавана, гьес витІарав божарав чи вахчана мугІрузулаб Дагъистаналда. Сариралъул ханас жиндаго абизе лъугьана СахІиб-ас-Сарир абун, ай меседил тахалъул хважаин, гьесул кверщаликь ругел гІадамазде сарирал абун. Сариралъул ханасул букІана бахъун бадарулареб къуватаб хъала, цІарги ал-Ал (Аркас) бугеб, гьениб жаниб цІунун букІана кинабго гьесул хазина. Тахшагьарлъун букІана Хумрадж (Хунзахъ). Улкаялда букІана 12000 тухум, жалги батІи-батІиял жанияблъиязде риххарал, ва ханас жиндиего бокьарав чи лагълъун гьавулаан. Сариралъул ханасда абулаан „Авар“-илан. Гьев вукІана насранияв, пачалихъалъул хутІарал гІадамал рукІана хъанчие лагълъи гьабулел, гьез лагълъи гьабулаан „бакъвараб бетІералъе“. Сариралъул рукІана батІи-батІиял халкъал. Сариралъул гІоръи цураб букІана хазаразулгун, ва гьелгун Сариралъе гІемер рагъал гьарулаан».

Сарир буго гІаммаб цІар. ГІарабаз Сариралъул хІакъалъулъ хъвалеб мехалда, Сариралда гъоркь букІана Дагъистаналъул гІемерал ракьал, ва гьенир рукІана гІемерал халкъал (гьездаго гьоркьор Европаялде арал аваразул хутІаралги, хазаралги). ГІарабазул ракьал Дагъистьан сверун кІодолъидал, Сариралъул ракьал гьитІинлъулел рукІана. Гьелъул хІасилалда Сариралъулхъ хутІана цохІо гьабсагІат ругел магІарулазул мухъазулги ва цо-цо гьезда мадугьалихъ ругел мухъазулги ракьал. Сарир абураб цІар магІарулазе чияраб кколаро, буртияз гьабсагІатги абула магІарулазда сулиял (ай магІарулал) абун, гьебги Сарир абураб рагІиялъул гІагараб ккола.

В VII–VIII гІасрабазда  Сариралъ Хазар каганаталъул рахъ ккуна гьелъ гІарабазде данде гьабулел рагъазулъ. Гьебго заманалда Сариралъул кколаан Эрети ва Тушети. ГІарабаз мекъса рикІкІунаан Сарир, насранияб хІукумат хІисабалда, Византиялда бараб букІанилан.

ГІарабал ана мадугьалхъ бугеб Туманалде, Сарир лъугьана ГІарабазул Халифаталда бараб пачалихълъун. Сариралъул ханасда тІад лъуна щибаб лъагІелалъ Дербендалда вугев гІарабазул сардарасе 500 къвакІарав гІолохъанчиги, 500 кьунсрул чІегІерал ясги лагълъуде кьезе, гьединго Баб-ал-Абвабалъул тІорщел цІунулеб бакІалде 100000 роцен тІорщалилги кьезе. 

Сариралъул ханас байбихьула тІолго Кавказалда жиндирго рахъ кколе чагІи ралагьизе. Гьедин, Тифлисалъул амир ИсхІакъ ибн ИсмагІил (830—853) вукІана Сариралъул ханасул яс ячаравлъун; гьезул данделъиялъе гьабун букІана динал батІиял рукІаниги. IX гІасруялъул бакьулъ Сарир тІубанго батІалъула ГІабасиязул халифаталдаса. Гьебго заманалда Сариралде гъолъе уна Филан абураб вилаят, гьелъ «сахІиб-ас-Сарирасе» щола «филаншагь» абураб титул.. 851 соналъ Ширваншагь тІаде кІанцІула Сариралъул ханасде. 912 соналъ Дербедалъул амирас Ширваншагьида цадахъ гьабула чабхъен Шанданалде, гьелъие кумек гьабуле букІана сариралъул ханас. 968 соналъ Ибрагьим бин Марзубаница кверде босула Ширван ва буюрухъ кьола Дербендалъул амир АхІмадие мукІурлъеян. Сариралъул ханасги Дербендалъул амир ГІабдул-Маликицаги, Ширваналде тІаде кІанцІун, къуваталдалъун босула Шабаран ва гьеб бухІула.Ширванги чІунтизабун, аварал цо къоялъ цере лъугьуна Дербендалде ва, гьениб гъалмагъирги гьабун, нахъруссуна мугІрузде. Зама-заманалда жанисел рагъа-рачариялниги, къватІисан Ширваналъул рахъалдасан хІинкъи бугем мехалъги, Дербендазул амиразизе рахчизе бакІ щолаан Сариралда.

Хадуб Дербенд лъугьуна Ширваналъул рахъ ккураблъун ва ал-Бабалъул халкъалъ гьенир ругел аварал гъурула. 971 соналъ Сариралъул ханас чабхъен гьабула Дербендалъул имараталде. Дербендалда аскІаб авараз дербендалъул амир щущахъ виххизавула, азаргоялдаса цІикІкІун чиги чІвала. 1032 соналъ Тмутараканалъул Мистиславица гьабула чабхъен Ширваналде, ва гьев лъугьуна Сариралъул ханасул тушманлъун, щайгурого Мистилавгун вагъизе хІадур вукІуна Дербендалъул амир Мансур, живги Сариралъул хан Бухт-Йищо II дурцлъун вукІарав. Аварал, аланалгун къотІиги хъван, гьелгун цадахъ тІаде кІанцІула Ширваналде, гьужум гьабун бахъула гьелъул тахшагьар Шемаха. Аваразги аланазги 10 къоялъ тала гьабула, 10000-ялдаса цІикІкІун чиги чІван, бечедаб давлагун жидерго ракьалде нахъруссуна. 

Гьединго Сариралъул хазабаца бергьенлъиялъулал рагъул сапарал гьарулаан хазаразул ракьалдеги. Ал-МасгІудияс хъвалеб буго: «Сариралъун ханас рагъал гьарула хазаралгун ва гьезда тІад бергьенлъи босула, щайгурого гьел руго гІодоблъиялда, гьев вуго мугІрузда. Сариралъул ханзаби лъугьунаан Ширваналъулги Дербендалъулги ишазде гьоркьобе ва гІахьаллъи гьабулаан рагъузулъ. 

Хазаразулги гІарабазулги Каваказада къуват загІиблъидал, Сарир лъугьуна цогиязда бачІеб къуватлъун; X гІасруялде ккола Сариралъул бищун къуватаб заман. Сариралъул ханасде гІарабазул иццазда абулеб буго «хакан ал-джибал» яги мугІрузул ханилан. А. П. Новосельцевас хъвалеб буго:  «бищун кІудияв мугІрузулаб Дагъистаналъул бетІер вукІана сахІиб-ас-Сарир». Сарир букІана мугІруздаги гІодоблъиялдаги бугеб пачалихъ. Аланиягун гьоркьолъаби, хазаразде данде чІезе гьарурал, щулат гьарулаан ригьиназдалъун. Сариралъул ханлъи, ХІ. В. ХІажиевасдаги В. М. Бейлисидаги рекъон, букІана тІолго Дагъистаналъул пачалихълъун. Якубияс хъвалеб буго, Арраналда 4000 росу бугин, ва гьезул гІемерисел Сариралъул ханасул ругин. Профессор А. Д. Данияловасда рекъон, Ширван ккола Сариралъул некІсияб ракьлъун.

Сариралъулги Аланиялъулги цоцада цурал гьоркьолъабазул бицуна гІемерал иццаз. МасгІудияслул баян кьеялда рекъон, Сариралъул ханас Аланиялъл хангун наслуяю бухьен гьабун буго, цоцазул яцалги рачун. Аланиягун букІараб бухьен  бихьизе бегьула ономастикаялда, хасго аваразул бутІрузул (жидер улбул гІемерисеб аланиялъул ханзабазул ясаллъун рукІунел рукІарал) цІаразда. Масала, кІиго нухалъ данде чІвалеб ХIII – XIV гІасрабазул Авар нуцалзабазул цІар — Сиртан (яги Саратан) гьединго даде чІвала аланазул нартазул эпосалда Сырдон, Ширда хІисабалда. Гьедин Урусманг абураб цІар, жибги аваразул аристократазда гьоркьоб XV – XVI гІасрабазда тІибитІун букІараб.

Шамалъул тарихчи Абу-ль-Фидаца (1273 – 1331) баян кьолеб буго: «Матрахиялдаса бакъбаккудехун чвахулеб буго ал-Ганам гІор, жибги ас-Сарир абураб улка къотІун чвахулеб. Ас-Сариралъул батІераб шагьар буго мугІрузда, жибги мацІазул мугІрузда бугеб. ал-Ганам гІор буго кІудияб, хасало гьеб цІорола, ва юк баччулел хІайванал гьелдасан доррехун уна. Гьеб чвахула ал-Хазар ралъдалъе...». Ал-Ганам гІор (гІараб. – «Куйдул гІор») В.Ф.Минорскияс Сулахъгун цогьабула, И.Г.Коноваловас рикІкІуна гьеб гІор Кума бугилан. Лъалеб жо буго: ХII гІ. ва ХIII гІ. байбихьуда Сариралъул гІорхъабазда жаниб букІана Дагъистаналъул ракьал, Сулахъ букІана аваразул пачалихъалъул жанисеб лъел нухлъун. Сулахъ лъарагІлъиялде лъушьунеб бакІалда букІана Сариралъуд хьундасеб тахшагьар — некІсияб Гелбахъ шагьар. Гьеб букІана Сариралъул щулалъилъун, ва гьенисан Сариралъул хІакимлъи тІибитІулаан хьундасеб гІодоблъиялде, жибги гІемерисеб Сариралъул гІадамазул кулияз ккураб. Гьединго Гелбахъалда щолаан тущбабазул тІоцебесеб кьабиги, масала, ХIII гІасруялда гъазияз цин къезавула нуцаласул вац Кагьру, жиндир чІей бугеб бакІ Гелбахъ букІараб, ва гьелдаса хадуб Хунзахъги босула.

Гелбахъ археологияб комплексалда гъорлъ букІана некІсияб шагьаралъулги, росабазулги, щулалъи цІуниялъе рарал гІуцІабиги ва хобалги. ГьабсагІат гьеб тІерхьун буго Гелбахъ ГЭСалъул хІорниб. Чирурталъул некІсиял хабзал рукІана Сулахъалъул кваранаб рагІалда ва цебе заманалда Хьундасеб Дагъистаналъул авлахъазул рахъалдаса цІунун букІана къуватаб къедалдалъун.

Сариралъул хІакъалъулъ ахирисеб рехсей ккола 1067 соналде. Сарир биххизе байбихьана пачалихъалда жанир рукІарал насранияздаги, бусурбабаздаги, жугьутІаздаги, хъанчи лагълъи гьабулездаги гьоркьор лъугьарал жанисел ва къватІисел рагъал сабаблъун. XI гІасруялда Сариралдаса ратаІалъана бакътІерхьуда ругел ракьал (гьабсагІат ругел Болъихъ, ЦІумада ва ГІахьвахъ мухъал), жегьиб лъугьана гІандадерил мулк. Е. М. Шиллингил баяназда рекъон: ГIандигIоралъул квегІаб рагІалдаса добехун ругел ракьал кколеллъун рикІкІунаан ЖугьутІ-ханасе, кваранидехун ругел ракьал рукІана Суракъатил I. М. А. Агларовасрехсолеб буго: «Муни росдал тприхиял биценазда буго, гьениб цебе заманалда букІанин кІудияб хІукумат, батІерлъуда ЖугьутІ-ханги вугев. ГІандигІурухъа Харачалде щвезегІан рукІанин гьесул ракьал. ГІандадерир тІасиял росаби рукІанин ЖугьутІ-ханасе мутІмгІал. Гьесда кІолаанилан 1000 хъахІаб чода рекІарав вакІаризе. Ва Муни росдада данде битІун бугеб сиги гьес бараб бугилан». Батизе бугу, Хазария биххизабидал Сариралде лъутун рачІарал жугьутІал гьенирго чІун руго, ва Сарир биххидал гьелъул бакътІерхьул рахъ ккун буго. Сариралъул ракьалда гІуцІана магІарулазул эркенал жамагІатал, гьабсагІат бугеб Хунзахъ мухъалда, Сариралъул ракІлъун букІараб, гІуцІана Аваристаналъул нуцаллъи, жибги Сариралъул битІараб ирсилаблъун кколеб.

Сариралъул низам букІана ханлъияб. Ханасул кверщеллъи кьолаан ирсалъе. Сариралъул аскаразулъ рукІана аза-азар чи. ТІадегІанал гІадамазул рукІана тІарханал ва батрикал (патрициял). Ханзабазул рукІунаан мухьдахъ ккурал бодул къокъаби.

Жакъа къоялъ ругел иццазда рекъон, VI-X гІасрабазда МугІрузул Дагъистаналда байбихьана цебесеб феодалияб социум. ЖамгІияб гІуцІиялъул аслияб бут8алъун букІана гьитІинаб хъизан. Халкъалъул тІадегІанал чагІилъун рукІана ханзаби, рагъул церехъаби ва цогидал нухмалъиялъул гІадамал. Феодалаздаса гъоркьегІан хІокІазда рукІана рагъухъаби, гьезул церехъаби, росалабазул бутІрул — раисал ва диналъул хъулухъчагІи.

Бусурбабазул пачалихъазда раис кколаан бакІалъул халкъалъул бищун хІурматиял хъизаназдаса рищарал чагІи, жидеца администрациялдаги халкъалдаги гьоркьочилъи гьабулел рукІарал: администрациялъул тІадкъайял тІуралел, шагьаралъул, росабазул гІадамазул цІаралдасаги хІалтІулел. Ширваналъул ва ал-Бабалъул тарихалда бицен гьабун буго нусго Сариралъул раисазул. Раисалин абулел чагІазда бакІалъул мацІазда абулеб букІараб цІар лъалеб гьечІо.




#Article 156: Консуллъи (129 words)


Ко́нсуллъи — ккола пачалихъалъул къватІисел бугьеназул тадбирал тІуралеб идара, цогидаб пачалихъалъул ракьалда жиб букІунеб. Консулас ишал тІуралел мухъал ва гьесул чІейбугеб бакІ бихьизабула кІиябг пачалихъалда гьоркьор хъварал къотІи-къаяз. Консуллъиялъул хІукъукъаздаса ва батІа бахъияздаса ккола: жиндирго пачалихъалъул байрахъгун герб загьир гьаби; консуллъиялъул мина жибго жиндаго чІараб букІин; магъалоялдаса эркен гьабун букІин; консуллъиялъул архивазда хъвангутІи; клнсуллъиялъ жиндирго хІукуматалъулгун, дипломатияб вакиллъиялъулгун ва гьебго пачалихъалъул цогидал консуллъиялъулгун бухьенал эркенго гьари, бокьараб бухьеналдалъун, ричІчІуларел шифрабаздалъун ва дипломатиял ва консуллъиялъулал хехал почабаздалъун.

Илчилъиялъ тІоцебесеб иргаялда тІорала сиясиял ишал (жиб жаниб бугеб пачалихъгун кІалъа-басай, гьеб пачалихъалъул хІакъалъулъ магІлуматал ракІари), консуллъиялъин абуни бухьен гьабула бакІалъул тІалъиялъулгун, жодорго ватІанчагІазул хъулухъал тІорала, къануналда рекъон гьезул ишкалал тІорала, гьезие заман арал хисун цІиял паспортал, нотариалиял документал, справкаби ва гь.ц. кьола, гьединго консуллъиялъ тІорала къватІисел пачалихъазул ватІанчагІазе жодорго пачалихъалде рачІине визабазул суалалги. 




#Article 157: Ракьдагьоркьосеб ралъдада тІад Airbus A320-ялъул катастрофа (147 words)


Ракьдагьоркьосеб ралъдада тІад Airbus A320-ялъул катастрофа— авиациялъул катастрофа, 2016 соналъул 19 маялъ, хамиз къоялъ жиб ккараб. Авиалайнер  авиакомпании EgyptAir авиакомпаниялъул авиалайнер Airbus A320-232-лъ тІобазабулеб букІана рейс MSR804 Парижалдаса Каиралде ва гьеб тІагІана радаразул экраназдаса Ракьдагьоркьосеб ралъдада тІад, гІага-шагарго Египеталъул ралъдал рагІалабаздаса 200 км бугеб бакІалда. Гьелда тІад рукІана 66 чи — 56 рекІарав ва 10 экипажалъулал.

Airbus A320-232 (регистрациялъулаб номер SU-GCC, сериялъулаб 2088) къватІибе биччана 2003 соналъ (тІоцебесеб роржен гьабуна 25 июлалъ). Гьебго соналъул 3 ноябралъ гьеб босана EgyptAir авиакомпаниялъ.

Самолёт къватІибе бахъана Парижалдаса 2016 соналъул 18 маялъ, къаси сагІат 23:09 CET. 02:30 EET гьеб тІагІана Ракьдагьоркьосеб ралъдада тІад, радаразул экраназдаса. Гьеб бортараблъун чІезабуна, Грециялъул Карпатос чІинкІиллъиялдаса 250 км жанубияб рахъалдехун, Египеталъул гьаваялда, чІейи гьабизе унаго. Грециялъул Генштабалда жеги гьеб магІлумат мухІкан гьабичІо.

Гьавадул гама тІагІанин хабар бачІарабго, EgyptAir авиакомапаниялъ хехаб куцалда оперативияб штаб бакІарана, лъугьа-бахъиналда хадуб хал кквезе. Гьеб штабалда гъорлъе ана киналниги авиациялъул хъулухъазул вакилзаби. 




#Article 158: Дагъистан (маданиябгун-лъай кьеялъул центр) (205 words)


Маданиябгун-Лъай кьеялъул Центр Дагъистан , къокъ. МЛЪЦД — ккола икълималъулаб жамгӀияб гӀуцӀи, Санкт-Петербургалда дагъистаниязул цолъи, Василевасул чІинкІиллъиялда бищун кӀудияб как балеб рукъ.

Санкт-Петербургалда руго 40-70 азарго дагъистанияв. 2000 соналъул байбихьуда дагъистанияз Санкт-Петербургалда рагьана цо чанго как балеб рукъ. Хадубккун, дингун-лъай кьеялда гІадамал данде гьаризе, Санкт-Петербугалъул бусурбабазе цо бакІалда, цадахъ рухІияб лъай щвезе ва авар мацӀги маданиятги цӀунизе кканани цо бакІ чара гьечІого къваригІунеблъун букІиндал, центр рагьизе ккана. Гьелъул хІасилалда рагьана Дагъистан абун цІар бугеб Маданиябгун-Лъай кьеялъул Центр, гьел цере рехсарал пикраби тІоразаризелъун.

ЛъикӀаб берцинаб лъабтӀалаяб мина бан буго.

ТӀоцебесеб этажалда буго как балеб рукъ. Гьениб щибаб къойил рала фаризаял какал, Рузман, ТаравихӀ, гьединго РабигІул-Аввал моцӀалъ гьарула мавлидал. Гьениб 500 чиясе бакӀ буго.

Как балеб рокъое нух азбаралъуса буго.

Централда буго кинотеатр, библиотека, классал.

Централда Дарсал кьола:

Централда Онлайн Къамус гьабун буго 

Дагъистаналъул ГӀолохъабазул Содружествоялъ гӀемер гьарула лекциял, конкурсал,  ва Санкт-Петербургалъул гӀолохъабазул данделъиялги.

Как балеб рокъоб рала киналго фаризаял ва суннатал какал. Щибаб лъагӀелалъ, РабигІул-Аввал моцалъ гьарула мавлидал. Рамазан моцалъ рогьалил как ахӀилалде кванала (Сухур), ва маркӀачӀул как ахӀун хадуб кӀал бичӀчӀала (Ифтар), гьединго ТаравихӀ какалги рала.

Централъул руччабазул данделъиялъ гьарула гӀемерал дандчӀваял, мавлидал, лъайгун хис-бас гьабула.

Как балеб рукъалъул имамас лъола магьари, ва гьарула цойги-цойги гӀадаталги. Билълъинабула адабияб хъулухъчилъи, гӀадамазда захӀматал суалал ричӀчӀизарула.

Санкт-Петербургалда «Ассалам» газета тӀобитӀула централъул кумекалдалъун.    




#Article 159: Сочиялда аскІоб Ту-154 катастрофа (326 words)


Сочиялда аскІоб Ту-154 катастрофа — 2016 соналъул 25 декабралъ лъугьараб авиациялъул катастрофа. Чкаловский аэропорталдаса — Сириялъул ХІмеймим аэропорталде боржунеб букІараб Россиялъул ЦІуниялъул Министерлъиялъул самолет бортана ЧегІералъдалъе  Сочи шагьаралъул рагІаллъиялда.

Самолет Ту-154Б-2, борталъул номер RA-85572.

Самолёт гьабун букІана 1983 соналъ «Авиакор» заводалда. Гьелъул гьоркьохъеб куцалда моцІида жаниб гьарурал рорженал рахунел рукІана 27 сагІаталде. Гьеб гьаваялъул гамица аслиял рорденал гьарулел рукІана 1,6 сагІтица халат рахъунел гьоркьохъел манзилазде. 2018 соналъ иргадулаб ремонтги гьабун, цІидасан пайда босизе биччазе ракІалда букІана гьеб самолет.

Брожиналда цебе самолеталъул киналниги иргадулал хІалбихьиял гьарун рукІана ва гьеб ярагьунеблъун букІана.

Самолеталда рукІана 85 пассажирги 8 экипажалъулавги. Пассажираздаса рукІана — 65 музыкант, 8 рагъул хъулухъалда вугев), 9 журналист («ТІоцебесеб каналалъул», «Звезда» ва НТВ каналазул лъаб-лъаб журналист), 2 федералияв пачалихъалъул хъулухъчагІи, гьединго Россиялъул ЦІуниялъул министерлъиялъул маданияталъул департаменталъул директор Антон Губанков ва «РитІухъаб кумек» фондалъул нухмалъулей Елизавета Глинка.

Россиялъул ЦІуниялъул Министерлъиялъул самолеталъ тІубалеб букІана рейс Чкаловский аэропорталдаса — Сириялъул ХІмеймим аэропорталде, Сочиялъул аэропорталда цIатари тIезе лъалхъенги гьабун. Сочиялдаса самолёт къватІибе бахъана 25 декабралъ сагІат 05:25 (02:25 GMT), кинго кІиго минуталдасан, 05:27 минут араб мехалда, гьеб тІагІана радаразул экраназдаса ва бортана ЧІегІералъдал рагІалдаса щуго километраялъ Анапаялъул рахъалде кколеб бакІалда.

Россиялъул цІуниялъул министерлъиялъул ва ГІАМалъул хъулухъаз байбихьана самолет хъирщизе.. ЦІех-рехалъул операция битIа-бишун ккезабулеб буго ЦІуниялъе нухмалъулеб миллияб централдасан ЦІуниялъул Министр Сергей Шойгуца. Байбихьудасанго ЧІегІералъдалъ цІех-рех гьабизе бихьизабун букІана анкьго гама, ва щуго вертолёт Ми-8. Самолеталъул кускул ва пассажиразул хасал къайи ратана ралъдал рагІалдасан 12-14 километраялъ 50-70 метраялъул гъварилъуда. Катастрофаялъул къурбаналъул щуго жаназа батана.

Цереккунисел баяназда рекъон, рагъулаб ТУ-154 самолет балагьалде ккеялъе сабаблъун чІезабун буго, техникияб жагъаллъи букIин яги самолет бачиналъулъ биччараб гъалатІ. Россиялъул Федерациялъул цІех-рехалъул комитеталъул Сочиялъул гарнизоналъул рагъулаб цІех-рехалъул бутІаялъ рагьана такъсиралъулаб иш, РФ Такъсиралъулаб Кодексалъул ялда рекъон (захІматаб хІасил тІаде бачараб, рорженалъул къанунал хвезари). Иш кьун буго ЦІех-рехалъул комитеталъул Централияб аппараталде. Катастрофаялъул цІех-рех гьабулеб буго Россиялъул ЦІуниялъул министерлъиялъул комиссиялъ, ЦІуниялъул министерасул заместител, армиялъул генерал Павел Поповасул бетІерлъиялда гъоркь ва пачалихъияб комиссиялъ ХІукуматалъул Председатель Дмитрий Медведевасул бетІерлъиялда гъоркь.

РФ президент Владимир Путинил амруялда рекъон, 26 декабрь лъазабун буго тІолгомиллияб чІегІербаялъул къолъун.




#Article 160: Селена Гомес (142 words)


Селе́на Мари́ Го́мес (; гьай. 22 июля  1982, Гранд-Прейри, Техас) — америкаялъул актриса, кочIохъан, композитор, продюсер, дизайнер, кучIдузул автор, модель, филантроп, ва ЮНИСЕФ'алъул лъикІаб гучалъул вакил. «Волшебники из Вэйверли Плэйс» абураб телесериалалда Алекс Руссол рол хІаралъухъ гьелъие щвана премияби Kids’ Choice Awards (2009, 2010, 2011, 2012) ва ALMA Award (2009).

Селена йиго пайда бугел хІалтІаби гьарулей гІадан. Гьединго гьей йиго ЮНИСЕФ'алъул лъикІаб гучалъулл вакил 2009 соналдаса байбихьун.

Селена Мари Гомес гьаюна 22 июля 1982 соналъул Гранд-Прейриялда (штат Техас, АЦШ) Мэнди Корнеттил ва Рикардо Гомесил хъизаналда. Селенал эмен — мексикаялъулав, эбелалъул буго италиялъулгун-англиязул аслу-тухум. 
Гьелъие 5 сон бугеб мехалъ, гьелъул эбел-эмен ратІалъула. Гьей гІезаюна эбелалъ жинцаго. Гьелъул эбел йикІана театралъул актрисалъун. Эбелалъ гьесизаюна Селена актрисалъун йикІиналде. 2006 соналъ Селенал эбел  Брайан Тифие росасе ана. Селенал йиго гьитІинай яц Грэйси Эллиот Тифи (гьай. 12 июналъ 2013) эбелалъул кІиабилеб магьариялдасан гьаюрай ва йиго цойги жеги гьитІинай яц Тори Гомес (гьай. июналъ 2014) инсул кІиабалеб магьариялдасан гьаюрай.




#Article 161: Берцинлъи (139 words)


Берцинлъи буго эстетикаялъул (утилитарияб гуреб) категория, жинцир магІнаги камиллъи. Объекталъул аспектазул цоцалъ рекъей, жиндалъул гьеб объекталъ балагьарасе хасаб эстетикияб асар гьабулеб. Берцинлъи ккола маданияталъул бищунго кІвар бугел категорияздаса цояблъун. Берцинлъиялъе данде лъолеб жо ккола сурукълъи.

НекІсиял греказул философазда берцинлъи бичІулеб букІана дурусаб жо гІадин, жиб аслуялдасаго объективияб ва онтологияб, Универсумалъул камиллъиялда хурхен бугеб, бичІулеб букІана космос дуниялалъул низам, рекъей хІисабалда.

ал — некІсиял реказул скульптураялъул копия
Файл:NAMA Hermès d'Atalante.jpg|Гермес — некІсиял греказул скульптура
Файл:Russian beauty in summer garland by Konstantin Makovsky.jpg|«ГІурусазул берцинай чІужугІадан». Маковский Константинил сурат 
Файл:Helga (1917), oljemålning av Anders Zorn.jpg|«Хельга». Андерс Цорн, 1917
Файл:Pierre-Auguste Renoir 050.jpg|«Чвердолей яс». Огюст Ренуар, 1893
Файл:NAMA Aphrodite Pan  Eros.jpg|Афродита, Эрот ва Пан
Файл:Roqueplan, Girl with flowers.jpg|Камиль Рокплан — Яс тІугьдузда цадахъ
Файл:Kustodiev russian venus.jpg|Борис Кустодиев — ГІурусазул Венера
Файл:Birth of Venus detail.jpg|Сандро Боттичелли — Венера гьайи,1485
Файл:Les Trois Graces LP 5.jpg|«Лъабго грация». Прадье, Жан Жак,1831




#Article 162: Магӏарул цӏарал (647 words)


Адухӏилав, Акквач, Ахилав 

Багъилав, Барти, БахІарчи, Бацӏикӏулав, Бацӏилав, Бацӏцӏадав, Бербагӏар, Бечедав, Бисав, Будун  

Варангав  

ГарацIилав, Гварзатилав, Гулла, ГІагарав, Гӏадалав, Гӏандалав, Гӏартукӏ, Гӏвечӏилав, Гӏолав, Гӏолохъан, Гурганч, Гъалбацӏ, Гъалбацӏдибир, Гъвекьав, Гьалангурав, Гьарчабилав, Гьитӏинав, ГьоцӏцIо.  

Дабагъилав, Дайтилав, Даку, Денгав, Дибир, Доногъонолав. 

Загъалав, Загъаштукъ. 

Ибалав, Инквачилав, Исбаги, Итарав, ИтаркIу.  

Кирцав, Кусалав, Кӏудияв, Курцав, Къасирилав, Къацарав, Къвангъур, Къебед, Къурахӏ.  

Лаченилав, Лекъав, Лъикӏав.  

Маргалав, МатIуч, МахІакІо, Маххулав, Мегӏеркӏичӏ, Меселав, Муртилав.  

Нуцалав.  

Оморав, Оцилав.  

Пакачилав, Парчахӏилав, Пурав.  

Розав.  

Тамачалав, Тиручилав, Титалав, Тӏитӏалав, Тӏолбо, Тузилав, Туначилав, Турарав, Турач, Тучалав.  

Тӏалут. 

Усайилав.  

Хвалаг, Хважа, Херав, Хехалав, Хирач, Хучбар.  

ХІада, Хӏадурав, ХІажигоро, Хӏалакъав, Хӏандулав.  

Хъергъу. 

Цевехъан.  

Цӏадулав, Цӏахӏилав, Цӏирхарав.  

Ццидалав  

Чамарсаг, Чан, Чанахъан, Чаран, Чаранав, Чинтир, Чинчара, Чирахъилав, Чончолав, Чункъ, Чунчулав, Чупалав.

Чӏанкӏалав, Чӏегӏерилав.  

Шохӏолав. 

Ада 

Берцинай, Баху. 

Гӏарац, Гӏонжолай. 

Канлъулай, Киштӏай. 

Кӏилъилай. 

Лъарагӏай. 

Манарша, Меседу, Муи. 

Нуцалай. 

Тӏинай. 

Хъандулай, Хъахӏай. 

Чалухай, Чамасдак, Чохӏай 

Чӏухӏай, Чӏухӏарай. 

Эбечай. 

А

Абу, Абумуслим, Абус, АбутIалиб, Айтбер, Айдемир, Адам, Амин, Амир, Анвар,Апанди, Арслан, Арсланбег, Асадулагь, Аселдер, Аслудин, АсхIаб, Асхӏабгӏали,АхIмад, Ахӏмадхан, Аюб,  

Б 

Багьадур, Басир, Батир, БатIал, Бегав, Багьаудин, Бадрудин, Башир, Билал, Булат, Булач,  

В 

Вагьаб, Вакил, Вали, Валид, Варис, Вахӏид,  

Г 

Гирай, Гулла, Гунаш,  

Гъ 

Гъази, Гъазияв,  

Гӏ 

ГIабас, ГIабдулгъапур, ГIабдулагь, Гӏабид, Гӏабидулагь, ГIабдулатIип,Гӏабдулбасир, Гӏабдулвагьаб, ГIабдулвахIид, Гӏабдулгъапур, Гӏабдулгӏазиз, Гӏабдулкарим, Гӏабдулмажид, Гӏабдулмалик, Гӏабдулмуъмин, Гӏабдулпатахӏ, Гӏабдулхӏаким, Гӏабдулхаликъ, Гӏабдулхӏалим, Гӏабдунасир, Гӏабдурашид,ГIабдуразакъ, ГIабдурахIман, Гӏабдурахӏим, Гӏабдусалам, Гӏабдусамад, ГIадил,Гӏазиз, Гӏазим, ГIали, Гӏалидибир, ГIалиасхIаб, ГIалибег, ГIалихан, ГIалихIажи, ГIамир, ГIамирхан, Гӏарип, Гӏизудин, ГIиса, Гӏимран, ГIумар, ГIумарасхIаб, ГIумардибир, ГIумархIажи, ГIусман,  

Гь 

Гьимат,  

Д 

Давуд, Дайтбег, Даниял,   

Ж 

ЖабрагIил, Жаватхан, Жагӏпар, Жамбулат, Жалил, Жамал, Жамалудин,  

З 

Загьид, Заирбег, Зайнулгӏабид, Зайнудин, Закарига, Закир, Залумхан, Заур,Зиявудин, Зубайир, Зулпукъар,  

И 

Ибрагьим, Идрис, Иляс, Имам, Имамудин, ИманшапигI, Исмат, Искандер, Ислам, ИсмагIил, Исрапил, ИсхIакъ,  

К 

Кабир, Казбек, Камал, Камалудин, Камил, Карим, Каримулагь,  

Къ 

Къади, Къадир, Къагьир, Къасум, Къасим, Къурбан,  

Л 

Лабазан, Лукъман,  

М 

Магьди, Мажид, Малик, Мансур, Марат, МахсутI, МахIмуд, МахIсуд, Мирза, Музапир, Мурад, Муртуз, Муса, Муслим, Мустӏапа, Мухтар, МухIамад,Мухӏамадамин, Мухӏамадбашир, Мухӏамадгӏарип, Мухӏамадгӏазиз, Мухӏамадгъази, Мухӏамадзакир, Мухӏамадкамил, Мухӏамадсагӏид, Мухӏамадсайгид, Мухӏамаднаби, Мухӏамадхӏабиб, МухIамадрасул, Мухӏамадсадикъ, Мухӏамадсалам, Мухӏамадтӏагьир, МухIамадхан, Мухӏамадхайир, Мухӏамадхӏажи, Мухӏамадшапигӏ, Мухӏамадшарип,  

Н 

Наби, Набигула, Назир, Насир, Насрудин, Насрулагь, Ниязбег, НугIман, НурмухIума, Нурулагь, Нурудин, Нухӏ, НухIбег,  

П 

Пайзудин, Пазил, Парухъ, ПатахI, Пахрудин,  

Р 

Ражаб, Рамазан, Расул, Рашид, Ризван, Руслан, Рустам 

С 

Сапигулагь, СагIаду, СагIид, Сайгид, Садрудин, Сажид, Сайпудин, Сайпулагь,Салам, СалахI, Салим, Салимхан, Салман, СалихI, Сиражудин, Сулиман, Султӏан, Сурхай,  

Т 

Тажудин, Таймасхан, Темирбег, Темирбулат, Темирхан, Тимур,  

Тӏ 

Тӏагьа, ТIагьир, Тӏайгиб, ТIалхIат,  

У 

Умалат, Устар, Устархан,  

Х 

Хайир, Хайрудин, Хайрулагь, Халид, Халикъ, Халипа, Халил, Хасай, Хасбулат, Хасмухӏамад, Хизри, ХирамухIамад,  

Хъ 

Хъазами,  

Хӏ 

ХIабиб, Хӏабибулагь, ХIадис, ХIажимурад, Хӏажимухӏамад, ХIажияв, ХIайдар,Хӏамид, ХIаким, ХIамзат, Хӏапиз, ХIасан, ХIасанбег, ХIусен, 

Ш 

Шагьидав, Шагӏбан, Шайих, Шакир, Шамил, ШапигI, Шарапудин, Шарип, Шагь, Шагьгӏабас, Шагьмурад, Шагьшабек, Шагьмухӏамад, Шигьабудин, Шугӏайб,  

Э 

Элдар,  

Ю 

Юнус, Юсуп,  

Я 

Ягӏкъуб, ЯхIя. 

А 

Ажайбика, Айбика, Айзанат, Аймисай, Алжанат, Алипат, Аминат, Анисат, Асият,Асма, Атикат  

Б 

Байзат, Бадиржат, Бараат, Барият, Басират, Бахтика, Бика, Бурлият,  

В 

Вазипат, Важибат, Вахӏидат, Валидат,  

Г 

Гулжанат, Гулизар, Гулишат,  

Гь 

Гьумай, Гьадият, Гьажар, Гьидаят 

Гӏ 

ГIабидат, Гӏаидат, ГIайишат, ГIашура,  

Д 

Дагмара,  

Ж 

Жавгьарат, Жамилат, Жарият,  

З 

Завжат, Загьидат, Загьрат, Зайнаб, Залму, Зарема, Зарипат, Зарият, Зубаржат, Зугьра, Зулай, Зулайха, ЗулхIижат, Зумруд,  

И 

ИзахIат, Индира,  

К 

Кабират, Кавсарат, Калимат, Камилат, Каримат, Кумсият, Къурбанай,  

Л 

Лейла,  

М 

Мадинат, Маликат, Майсарат, Маржанат, Марзигат, Мариям, Махружат, Муслимат, Муъминат,  

Н 

Нажабат, Назипат, Назират, Назипат, Нажибат, Наидат, Написат, Насират, Нупайсат, Нурият,  

П 

Парзилат, Паризат, ПарсихIат, ПатIимат, Пирдавус,  

Р 

Равзанат, Разият, Раисат, Райхӏанат, Рашидат, Рисалат, Рукъигат,  

С 

Савадат, Сагӏадат, СагIидат, Сайгибат, Сакинат, Салимат, СалихIат, Саният, Сапият, Сарат, Сарият, Сидрат, Симисхан, Сиядат, Супайнат, Султӏанат, Супият,  

Тӏ 

Тӏайгибат, ТIавус,  

У 

Узлипат, Умагьани, Умай, Умужат, Умукусум, Умухӏабибат 

Х 

Хадижат, Халисат, Хамиз, Ханика, Ханум, Хасбика, Хатимат,  

Хъ 

ХъистIаман, Хъанича,  

Хӏ 

Хӏабибат, Хӏава, Хӏалимат, Хӏаписат, ХIурулгIин,  

Ч 

Чакар,  

Ш 

Шагьидат, Шагьрият, Шагьрузат, Шамай, Шамалай, Шамсият, Шарипат,ШугIайнат, Шумайсат,  




#Article 163: Кудалиб (635 words)


Кудалиб - Гъуниб мухъалда бугеб росу.

Кудалиб кида гӏуцӏарабали мухӏканго лъалеб гьечӏо. Хераздагицин лъалеб гьечӏо. Гьанже бугеб Кудалиб росо гӏуцӏун буго ичӏго росабаздасан. Гьелги руго Ухичур, Къавохъ, Цӏадгьарихъ, Гъунабазул болола, Кӏибичӏараб ганчӏихъ, Сидохъ, Укикь, Кӏудаламаарда, Агьадиб, Кьодохъ, Багӏаралъул бакъдаб, Гӏенчӏасул гъегъ. Гьел росаби нахъа данделъуна, доб заман квешаб заманги букӏун.

Гьел росаби данделъун хадуб цӏарги лъуна Кӏудияб росуйилан. Цинги нахъа абизе байбихьана Кудалибилан. Доб мехалда цо квещаб заманги букӏун куделдерица базе байбихьана куллаби. Гьединал куллаби рукӏана Дарада, Мурада, Магӏлиб, Кулиб. 1837 соналъа анив вукӏарав цо гӏурусав Костеницкиясда Мурада росулъ ратун руго 125 сон барав цо херав, гьев херасул чӏужуялъеги 117 сон букӏун буго, гьездаса ккун рагӏула гьеб росуги, гьезул рукӏана 6 васги 4 ясги. Цо заманаялдасан 100 чи гӏуна гьеб хизамалдасан. Гьанжеги Хъвартихьуниб, Дарада, Мурада, Тунзиб, Магӏлиб, Кулиб, Хъварада, Горгониб, Баганиб, Хъуллиб, Силтӏа, Укикь, Ипутӏа, Гӏахъушалиб росабазда ругел гӏадамаз Кудалида Кӏудаб росу абулеб буго. Цинги гьел киналго кӏалъалел руго куделдерил мацӏалда. Куделдерил мацӏги кколаха авар мацӏалъул сверел.

Цере рукӏарал куделдерил росабазул бицилин гьанже. Укикь цӏар букӏун буго Икикь. Ик абула куделдерил мацӏалда цӏулакьода. Гьанжеги гьеб бакӏалда руго икил (цӏулакьодул) гъутӏби. Ухичурги букӏараб батила ухи чурулеб бакӏги. Цӏадгьарихъги ккола цӏад гьарулеб бакӏ. Гьанжеги гьеб бакӏалде рачӏула цӏад гьаризе. Сидохъ росуги букӏун буго бищун борхатаб 2005 метра бугеб магӏарда. Гьеб бакӏ букӏана хъаравуллъи гьабулеб бакӏ. Кӏибичӏараб ганчӏихъ росуги букӏана кӏибичӏараб ганчӏида. Къавохъ букӏараб росулъ гьанже куделдерица гӏиял, гӏачи хьихьула. Гъуниб буго Рохьдол Хъавохъ букӏараб росо. Гьунабазул болола букӏараб росу букӏана Ухичурги Кӏибичӏараб ганчихъги рукӏарал росабазда аскӏоб. Кӏудаламаарда букӏана Рохьомегӏералда. Гӏенчӏасул гъегъ букӏана Агьадиб лъаралда аскӏоб.

Кудалиб росулъ киналго гӏадамал бусурбаби ккола. Бусурбан динги куделдерица къабул гьабуна 14 гӏасруялда.

Кудалиб росулъ кӏудияб кӏвар кьолаан гӏелмуялде. 33-ниги гӏалимчи вахъана Кудалиб росулъ. Гьездаса гьоркьоса бищун цӏар рагӏарал гӏалимзаби рукӏана Кӏудияв Хӏасан, Гьитӏинав Хӏасан, Гӏумаржан, Салман, Давуд ва цогидал гӏалимзаби. Гьанжеги исламияб гӏелмуялъе кӏудияб кӏвар кьолеб буго куделдерица, кудел цӏалана батӏи-батӏиял улкабазда, масала, Мисриялда, Суриялда, Сагӏудиялда ва цогидал улкабазда. 

Цо кӏиго рагӏи куделдерил мацӏалъулги бицилин. Куделдерил мацӏ буго Гӏандалазул бодул мацӏазул цояб.

Болмацӏ - Метер дун хӏалтӏуде ине вуго. Лъимал цӏалуде ине руго. Дир лъимал лъикӏго цӏалула. Дир лъималазда магӏарул мацӏ лъикӏго лъала. Дир лъималаз малълъараб жо гьабула. Лъимал рагьтӏа хӏалел руго. Дие бокьула тӏахьал цӏализе. Метер базаралде ине ккела цӏияб ретӏел босизе, цинги цӏияб ретӏелги ретӏун берталде ине ккола. Жакъа радалгоги вахъун векеризе ун вукӏана дун. Маркӏачул как кватӏулеб буго. Гьакалги гӏемерлъулел руго, ахир-къадги киналго лъелго хьвадизе руго. Мун щай велъулев? Рорхатал мугӏрул. Дур чвантиниб щиб бугеб? Кӏукьмахх буго. Гӏазу балеб буго. Гьаб квар тӏеренаб буго. Гьесул ботӏрода берцинаб тӏагъур бугоан. Жакъа цӏияб тӏажуги хьиталги ретӏине ккела. Хасало росулъ тӏимугъ къваригӏуна. Малълъараб гьабичӏони, тӏилаца чухӏизе ккола. Дие тӏорахь бокьула.

Куделдерил мацӏцI - Метер дун хӏалтӏоле энде вуго. Гьимал цӏцIалдоле энде руго. Дир гьимал лълъикӏго цӏалиня. Дир гьималазда маарул мацӏцI лълъикӏго гьаня. Дир гьималаз малълъараб жо буня. Гьимал рагьла хӏанел руго. Де бокьиня ухьдул цӏцIалде. Метер базаралълъе энде ккела цӏияб рел-эл босде, ценги цӏияб рел-элги рогьон бахӏаразде энде ккена. Якъад рогьолего вахъун векерде омо вукӏана дун. Маркӏаяде как кватӏинеб буго. Гьаркалги гӏемелинел руго, ахир-къадги киналго гьелдго хьвадте руго. Мун щимо воххинев? Роркӏадал муърул. Дур цахбиниб щиби бугеб? Кӏвецӏмахх буго. Гӏасо банеб буго. Гьаб квар эренаб буго. Гьесул болола берценаб угъур бугоан. Якъад цӏияб ажуги хьаталги регьеде ккела. Кьиндала росолълъ имогъ къваригӏиня. Малълъараб бучӏони, илаца чухӏде ккена. Де орахь бокьиня.

Кудалиб росулъ киналго магӏарулал руго.

Кудалиб росу буго Дагъистан Жумгьурияталъул Гъуниб мухъалда бугеб росу. Кудалиб росу буго ралъдал гьумералдаса тIадегIан 1463 метралъ. 

Кудалиб росдал мадраса
 

 

Кудалиб росулъ хасало цӏакъго цӏорораб бакӏ гуро, риидала багӏарун букӏуна.

Ахӏмадкъади Ахтаев - цӏар рагӏарав гӏалимчи, цевехъан.

Кудалиса Хасан - цӏар рагӏарав гӏалимчи.

Салманил Мухӏамад - цӏар рагӏарав гӏалимчи.

Жахӏпарилазул Мухӏамад - гӏурус пачаясул аскаралъул полковник.

Кудалиса Гӏумаржан - цӏар рагӏарав гӏалимчи.

Кудалиса Давуд - цӏар рагӏарав гӏалимчи.

Патагӏалиев Халил - пизика гӏелмуялъул гӏалимчи.

Муртаза Хӏасанов Кудалиса (1873–1937)

Хӏасанов Мухӏамадбасир - гӏалимчи, Московалда бугеб исламияб университеталъул декан

 




#Article 164: Жахӏпарилазул Мухӏамад (213 words)


Жахӏпарилазул Мухӏамад (Джафаров Магомед - гӏурус мацӏалда) ккола гӏурус пачаясул аскаралъул гӏабицар, полковник цӏар щварав.

Жахӏпарилазул Мухӏамад гьавуна 1884 соналда иххазулъ (апрел) моцӏалъул 1-себ къоялда Дагъистан улкаялда Гъуниб мухъалда бугеб Кудалиб росулъ. Гьесул эмен Жахӏпар Хӏажи вукӏана гӏурус пачаясул гӏабицар, инсул эмен вукӏана Имам Шамилил наиб. Жахӏпар Хӏажил букӏана кӏудияб хъизан: 3 чӏужуги, 9 лъималги. 

Жахӏпарилазул Мухӏамадил чӏужу йикӏана Елена Гогоберидзе. Гьейгун лъай-хъвай гьабуна Шурагьалда.

Жахӏпарилазул Мухӏамадида лъикӏго лъалел рукӏана Таргъуялъаса Нухӏбек, Гьоцӏоса Нажмудин, Жалалудин Къоркъмасов, Дахӏадазул Махӏач ва цогидал доб мехалда цӏар рагӏарал гӏадамал. Жиб-жиб къокъа доб мехалда Мухӏамад жиндирго рахъалде цӏазе бокьун букӏана, щайгурелъул Мухӏамад вукӏана махщелги вугев рагъухъан, рагъул иш гьесда лъикӏго лъалеб букӏана. Дахӏадазул Махӏачица ахӏулев вукӏана Жахӏпарилазул Мухӏамад, Мухӏамадица инкар гьабуна. Доб мехалда букӏараб Мугӏрузулаб Хӏукуматги гьес гьедин къабул гьабичӏо. Цо заманаялда Хӏоцоса Нажмудинил рахъалда вукӏана, хадуб тана гьес гьев.

Хадуб Мухӏамад 1-себ Дагъистаналъул полкалъул бетӏерлъун вагъула Царицин абулеб бакӏалда, гьеб рагъ лъугӏун полк Дагъистаналде бачула.

Къимат бугев чи вукӏана Жахӏпарилазул Мухӏамад. Ингилисалъул вакиллъиялъул бетӏерас Мухӏамад ахӏулев вукӏана Гьиндистаналде лъикӏаб хъулухъалде, амма Мухӏамадица инкар гьабуна, жив гьанив къваригӏун вугин абун.

Амма гьесул къисмат батӏияб букӏана. Совет хӏукумат бергьун хадуб гьев туснахъалде жанивги тӏамун, хӏукму къотӏана Мухӏамад чӏвазе. 1937 соналда раччарулъ (ноябир) моцӏалда 3 къоялда Мухӏамадги ва гьесда цадахъ туснахъалда рукӏарал 16 чи чӏвана. 

Аллагьас мунагьал чураги гьесул. Амин.




#Article 165: Гъизляралъул конякалъул завод (106 words)


Гъизляралъул конякалъул завод — дуниял-гIаламалда цIар рагlараб, Гlурус пачалихъалъул коняк-гIаракъи гьабулеб завод. Гlурус пачалихъалда ругель щуго бищун кlудиял коньяк гьабулел заводазул цояб.

XVIII векалъул кlиабилеб бащалъялдаса байбихьун, цIолбохъанлъиги ва чагъир бахъиги, Гъизляр ракьалда букlана магIишаталъул бетlерияб бутIалъун.

Дунялалъулго тlоцебесеб рагъ байбихьуда, Россиялъул империялда гьукъула спирт гъорлъ бугеб мехтизарулеб гьекъолеб жо. Гьелъ Гъизляралъул коньякалъул заводалда хIалтIи чIезабула.

Советияб заманаялъ, бащадаб бутlа заводалда биччараб коньякалъул битlулаан батlиял хьукуматазде.

Гъизляралъул коньякалъул заводалъ гьарула батlи-батlиял коньякал ва цlолбол гlаракъи. Жакъа къоялде ккун, заводалъ къватlире риччала машгьурал коньякал: «Пётр Великий», «Пять звёздочек», «Три звёздочки», «Кизлярский праздничный», «Россия», «Багратион», «Дагъистан», «Гъизляр», «Лезгинка», «Император Всероссийский» ва «Сараджев». Гьединго заводалъ гьабула цlолбол гlаракъи «Гъизлярка».




#Article 166: Гъизлярка (211 words)


Гъизлярка — Дагъистаналъул шагьар Гъизляралда бахъулеб цIолбол гIаракъи. Гъизлярка къватlибе биччала Гъизляралъул коньякалъул заводалъ.

Цlолбол бахъараб спирт тlола хассал чирмакъолобахъе тlагlамги кьерги босизегlан. Хадуб тlаде жубан чакаргун биччала гIаракъи, 40-45 % къвакlиялъул. Гъизлярка гьабула лъабго батlияб тайпаялъул: 1) «ХIакъикъияб» — 40% къвакlиялъул мехтел чирмакъолобахъ кквечlеб; 2) «Гlадатияб» — анкьго моцlалъ чирмакъолобахъ ккураб, 40% къвакlиялъул мехтел; 3) «Хераб» — 18 моцlалъ чирмакъолобахъ ккураб, 45% къвакlиялъул мехтел.

Тlоцебе цIолбол гIаракъи Гъизляралда бахъизе байбихьана 1657 соналъ. 1731 соналдаса нахъе Гlурус пачалихъалда бахъараб пихъил мехтелалда абула гъизляралъул гlаракъи яги гъизлярка абун. Цlолбол гlаракъи гьабизе Гъизляралъул чогърохъабазда малъана Французаз. Гьеб гlаракъи бахъизе гlилалъун ккана квешаб хасияталъул чагъир. Чагъир гьекъолезе гъизлярка бокьана цlикlкlун ва гьелдаса нахъе гъизляралъул гlаракъи машгьурлъана тlолго дунялалда. Гъизлярка бахъизе хlалтlизабула ﻿багIараб тlерский абураб цlибил.

Чагlир-гlаракъи бахъулеб заводалъул нухмалъулев П. Н. Суровикинасул хlукмуялда рекъон, гъизлярка кlудиял къадаразда бахъизе байбихьана 1810-1815 сонаца. 1812 соналъул Ватlанияб рагъуе гlоло, хъвалеб буго Суровикинас, гьукъун букlанила къватIисел улкабаздаса чагъир баччизе. Гьелъие гlолон гъизляралъул гlаракъи машгьурлъана Гlурус пачалихъалда. Цоги гъизлярка машгьурлъиялъе гlилалъун ккана учузаб багьа батlиял улкаязул чагъиралде дандеккун. 

Гlурусазул хъвадарухъан Никlолай Лесковас «Левша» абураб къисаялда рехсолеб буго гъизлярка: «Платовас щибго абичlо пачаясда, жиндирго цIутIараб мегlер буртинаялъги бахчун, гьев ана рокъове. Хъулухъалъе тарав солдатасе гьес буюрухъ кьуна хъаба цlураб гъизлярка босеян. Гьекъон цо цlураб стакангун, буртинаги тlаде бачун хъванхъвадилаго кьижана...».




#Article 167: Дружинин, Евгений Анатолил (132 words)


Дружинин, Евгений Анатолил (гlур. Дружинин Евгений Анатольевич) (гьавуна 29/10/1968 соналъ, Гъизляр, Дагъистан) — Гlурус пачалихъалъул капиталист ва халкъияв хlаракатчи. Гъизляралъул конякалъул заводалъул нухмалъулев. Гьеб завод ккола тlолго Гlурус пачалихъалда ругел коняк гьабулел заводазул цояб ва Дагъиястаналда ругел заводазул бищун кlудияб.

Гьавуна 1968 соналъул 29 октябралда Дагъистаналъул шагьар Гъизляралда, ирсалал чогърохъабазул тухумалда. Эбел — Иванил Людмила Дружинина (гьаюна 1950 соналъ), Гъизляралъул конякалъул заводалъул хlалтlухъан. Евгений ﻿кIудияв гIуна Гъизляралда. 1986 соналъ лъугlизабуна анкьабилеб гьоркьохъеб школа. Кlиго соналъ хъулухъ гьабуна Байконуралда. 1992 соналъ лъугlизабуна экономический факултет Москваялъул кооперативный институт.

Цlали лъугlигун, Евгение рес кьуна хlалтlизе чогърохъанлъун Дерберндалъул заводалда. Лъабго соналдасан гьеб завод къана ва Дружинин тIадвуссина Москваялде,

Анатолил Евгенияс кутакаб кумак гьабула Гъизляр шагьаралъул спортсменазе ва цlалдохъабазе. ﻿Мех-мехалдасан гlарцулаб кумак гьабула Гъизляралъул ﻿гIолохъабазе ва Махlачхъалаялъул архиереясул ихтияралда бугеб килисаялъе

Евгенил йиго хъизан, цо ясги ва кlиго васги.




#Article 168: Авар хъвай-хъвагІи (897 words)


Авар хъвай-хъвагIи ккола авар мацIалъул рагIаби хъвазе хIалтIизабулеб хъвай-хъвагIи. Жиндир заманалда гьеб букІана чанго батІияб графикияб аслуялда, жакъа къоялда авар хъвай-хъвагІи буго кириллицаялда. 

Бищун некІсиял авар хъвай-хъвагІиял гьарун руго гуржи хІарпаздалъун. XV гІасруялдаса байбихьула гІараб алипба хІалтІизаби, гьелъие кьучІ лъурав чилъун рикІкІуна ГІандиса ГІали-мирза, XVIII гІасруялда Хунзахъа Дибир-къадица авар гІажам хисизабула авар мацІалъул фонетикаялде данде кколедухъ. 

Авар пачалихъ Россиялъул империялъул кверщаликье ккун хадуб ва авар мацІалда тІахьал басма гьаризе байбихьидал, авар гІажамалъе гьабула цІияб реформа, гьелдаго цадахъ хІалбихьи гьабула авар хъвай-хъвагІи кириллицаялде бачине, амма гьелъул жо кколаро. 

Аслияб авар алипбаяалда буго кинабниги 46 кириллицаялъул хІарп, гьезул 33 буго гІадатаб, ай цогидаб гІаламат жинда цадахъ гьечІеб, хІутІараб 13 хІарп буго жубараб, ай цогидаб гІаламат цадахъ бугеб (Гъ, Гь, ГІ, Къ, Кь, КІ, Лъ, ТІ, Хъ, Хь, ХІ, ЦІ, ЧІ). Алипбаялъул 40 хІарп хІалтІизабул авар мацІалъул 51 гьаракь (жал рагьукъаб + в хІарпал цадахъ лъун бихьизабулеб 23 лабиаллъараб гьаракь рикІкІинчІого) бихьизабизе, лъабго хІарпалъ бихьизабула  + рагьараб гьаракь, къараб ишара (Ы) хъвала гІицІго гІурус мацІалдаса рачІарал рагІабазулъ. КІиго батІияб хІал бугел хІарпаллъун ккола Е ва Ъ. Тамахаб ишара Ь хІалтІизабула цогидал мацІаздасан рачІарал рагІабазулъ; гьелъ гІурус мацІалда бихьизабулеб хІарп тамахлъи авар мацІалда гІечІо. Орфографияб рахъалъ авар рагӀаби абулеб ва хъвалеб къагӀидабазда гьоркьоб буго дагьабго батӀалъиги (балагье орфографиялде). 

Авар мацӀалда рагьараб гьаракь буго щуго, гьел рихьизарула И, У, Е/Э, О, А хӀарпаздалъун. Рагьараб гьаракьалдаса авар мацӀалда я рагӀи, я рагӀул къотӀел байбихьуларо, гьелда цебе букӀуна рагьукъаб  гьаракь, амма хъвалаго гьеб бихьизабуларо (рагӀул ахиралда жибго бугеб сехалъ гурони), гӀицӀго рагьарал хӀарпал хъван тола.

Е хӀарпалъ рагӀабазулъ кӀиго рагьукъалда гьоркьоб ккараб мехалъ бихьизабула  гьаракь, амма рагӀул байбихьуда ва цогидал рагьарал гьаркьазда хадуб буго гьелъ бихьизабула  + гьаркьазул дандрай; гӀицӀго  гьаракьалъул рагьаразулги дандраялги рихьизаризе хӀалтӀизрул Ё (гӀицӀго цогида мацӀаздаса рачӀарал рагӀабазулъ), Ю ва Я хӀарплаги.

Авар мацІалда бугеб 46 рагьукъаб гьаракь бихьизабизе хІалтІизабула алипбаялде гъорлъе бачараб 36 хІарп (гьезул 13 жубараб) ва гьезул 9 ккола кІирекъараб хІарп, жал алипбаялда гъорлъе рачинчІел (балагье гъорькегІан). 

ГІадатал рагьукъал гьаркьал гурелги, авар мацІалда руго къвакӀарал рагьукъал гьаркьалги (ялъуни геминатал, ялъуни фортисалъул хІарпал). Амма алипбаялда гьеб 14 геминаталъул лъабго гурони бихьизабун гьечӀо хасаб хІарпалдалъун: Къ , Кь , Хъ , Щ ; хутӀарал геминатал рихьизаризе хІалтІизарула кӀирекъарал, ай кІи-кІи цадахъ хъварал хІарпал. Жидеца хасал гьаркьал рихьизарулел рукӀаниги, гьел кӀирекъарал хӀарпал алипалда рихьизарун гьечӀо.

Фортисалъул рагьукъал гьаркьал авар мацІалда гIемерал рагIабазулъ руго, амма хъвалаго гьел киналго гаркьал кIирекъарал хIарпаздалъун рихьизаруларо. Гьанжесеб авар мацІалъул орфографиял асасазда рекъон, рагІулебщинаб бакІалда хъвала Кк, КIкI ва Чч (,  ва  фонемаби рихьизарулел), хутІарал кирекъарал хІарпал хъвала хадусел бакІазда.

Авар мацIалда буго 23 лабиаллъараб, ай кIутIби цебе цутIизарун бахъулеб рагьукъаб гьаракь, гьезул цохIо  гьаракьалъе буго алипбаялда хасаб хІарп — В; хутIарал лабиаллъарал рагьукъал рихьизарула цогидал рагьукъалги В хIарпги кІирекъон хъваялдалъун (рагьукъаб + в); гьел хIарпалги рихьизарун гьечIо алипбаялда.

Бищун некIсияб авар хъвай-хъвагIиялъул памятниклъун рикIкIуна Хунзахъ мухъалда батараб 3 хъанчалда бугеб хъвай-хъвагIи, жибги гуржи ва авар мацIалда гьабун бугеб. Хъвай-хъвагIи буго  гуржи хъвай-хъвагIиялда. Гьезул цояб буссинабуна А. С. Чикобаваца 1940 соналъ; Хунзахъ батараб цIалана Т. Е. Гудаваца, ГьоцІатлъ батараб  буссинабуна К. Ш. МикагIиловас. Гьел хъвай-хъвагIаби гьарурал руго XII–XIV гIасрабазда.

Гьалла батараб хъанчалда бугеб хъвай-хъвагІиялъул транскрипция в тармажа (гуржи текст — А.С. Чикобавада рекъон):

Ислам тIибитIигун цадахъ бачIана гIараб хъвай-хъвагIи. Бищун некIсияб гIараб хIарпаздалъун гьабураб XIV гӀасруялъул хъвай-хъвагIи, жиб Гъуниб мухъалъул Къорода росдал мажгиталъул къадалъ бугеб ганчӀида батараб. XV гIасруялда гIараб мацIалда хъвараб Ибрагьимил вас ГIандуникI нуцаласул васияталда буго 16 авар рагIи, хисизе гьаричIел гIараб хIарпаздалъун хъварал. Гьеб васигат жиндир квералъ хъварав ГӀандиса ГӀали-мирза рикӀкӀунев вуго авар гӀажамалъе кьучӀ лъурав чилъун.

XVI гIасруялдаса байбихьана авар хъвай-хъвагIи тIибитIизе. XVIII гIасруялда Хунзахъа Дибир-Къадица, авар мацIалъул фонетикаялде данде кколедухъ гIараб хIарпалги хисизе гьарун, гьабуна авар гӀажамалъу реформа.  

XIX гIасруялда Шамиль имамасул диванханаялъул комиссиялъ бахъана ڸ хIарп, жинца [ɬ] гьаракь бихьизабулеб (гьанжесеб лъ хІарп). 1884 соналда Истамбулалда къватиб биччана гIараб хIарпаздалъун кьабараб авар мацIалда бугеб тIехь. Гьелдаса хадуб тIахьал басма гьаризе байбихьана Дагъистаналдаги; гIемерисел авар мацIалда ругел тIахьал кьабулаан Шураялда. 

ГIажам алип:

Рагьарал гьаркьал рихьизаризе хІалтІизарулаан хІаракаби: фатхІа اَ, касра اِ ва замма اُ. КІиго гьаракьалъе — [e] ва [o] — рукІинчІо хасал ишараби, гьел рихьизаризеги хІалтІизарулаан касра ва замма, гьединлъидал гьел и ва у хІарпаздаса визуалияб къагІидаялъ ратІа гьарулароан.

БукIаниги Усларил алипалда чанги тIахьал рахъана, гьезда гьоркьоб авар 1900 соналъ ТIелекьа Джаватханица авар мацIалде таржама гьабураб Иоаннил Евангелие (49 тIамач).

ТIоцебесеб латин алипалъул рукIинчIо бетIерал хIарпал: a, b, c, , d, e, g, ƣ, h, ħ, ⱨ, i, j, k, ⱪ, l, , , m, n, o, p, q, ꝗ, r, s, ş, ꞩ, t, , u, v, x, , , z, ⱬ, ƶ, ’. 1932 соналъ латин алипалда гьабуна хиса-баси: тIаде журана бетIерал ва F f, Ç ç хIарпал, гьоркьоса бахъана . Гьеб алипба хIалтIизабулаан 1938 соналде щвезегIан. 

Хисизе гьабураб латин алип:

Гьелдаса хадуб алипалда дагьабги хис-бас гьабуна (тIаде жубана Ё, тIаса бахъана Тл хIарп). 1952 соналъул декабралда Тарихалъулги, мацIалъулги адабияталъулги институталъул (АН СССР-алъул Дагъистаналъул филиал) гIелмияб ссесиялда хIукму гьабуна авар алипалде тIаде ЛI (мацIалъул хьолбохъан бахъулеб фонемабазул цояб) хIарп жубазе, ЦӀцӀ, ЧӀчӀ ва КӀкӀ бакIалда Ць, Чь и Ӏк хIалтIизаризе, амма гьеб хIукму рагIалде бахъинчIо. 1993 соналъ гьебго суал цIидасанги борхун букIана ИЯЛИ ДНЦ РАН-алъул хъвай-хъвагIи бугел мацIазул рукIалиде ккезариялъул конференциялда, амма гьенибги жо ккечIо.

Гьанже авар алип буго гьадинаб:

ЦІияб гьанжесеб гІажам буго авар мацІалъул фонетикиял хаслъалабазде дандеккун гІуцІараб. Рагьарал гьаркьал рихьизаризе хІаракабазул бакІалда хІалтІизарула хасал хІарпал.

КъвакІарал рагьукъал гьаркьал рихьизаризе хІалтІизарула геминатал — cc, ćć, čč, çç, kk, ķķ, ļļ, ss, xx. Алипалда гъорлъ хъвачІел хІарпал: è, w (гІицІго цогидал хІарпазда цадахъ лабиализация бихьизабизе),  ялъуни  хІалтІизабула щокъросан лугби ккун бахъулеб рагьукъаб гьаракь бихьизабизе.




#Article 169: Хьиндахъ (937 words)


Хьиндахъ ккола Дагъистаналъул Хунзахъ мухъалъул Нахъа-Хьиндаллъиялда бугеб росу. Коло росдада цадахъ Хьиндахъ росдал боялде гъорлъе уна ва гьелъул административияб марказги ккола.

Росдада цIар бачIараблъун рикIкIуна «хинаб» абураб рагIудасан; гьеб ритIухъ гьабула Хьиндахъ росу бугеб бакI хинаб букIиналъ. Гьединго, цІар бачIараб батизе бегьула  «хьин» абураб рагIудаса, гьеб бачIарабги буго буго некIо заманалъ Хьиндахъ росдада цере рукIун ругел хIуцIалъ бижулеб букIараб харидасан.

Росдал тарих лъазе гьабиялда тIад дагьа-макъабго гурони гIелмияб хIалтIи гьабун гьечо.  КъучIаб къагIидаялъ лъаларо, росуялъе чан сон бугебали. РикIкIине бегьула росу  Ислам бачIиналдего букIараб бугилан, щай гурелъул гьелъие нугIлъи гьабулеб буго росдада аскIор ратун рукIарал хобаз. Гьел хобазда жанир гIадамал рукъун ратун руго исламияб къагIидаялъ гурел, гIадамазда цIадахъ рукъун ратун руго хъубиги пахьул цIарагIги. Батизе бегьулеб жо буго гьеб заманалда, аваразда гьоркьоб гIадин, росулъ политеизм букӀараблъи.

Гьанже бугеб росдал тарих байбихьула ГьацIалухъ росулъа  рачIарал гӀадамаз ЦӀалъ абураб бакӀалда росуялъе кьучӀ лъуралдаса (гьецIел-хьиндалилан буго абиги). Росдае кьучӀ лъуразул цӀарал цӀунун хутӀун руго, гьелги руго:  ГIаликIо, Сайид, ГIумардибир, ГIабдулмуъмин, Чакар, Залихай, ГIашурай, ГьитIинагIали; гьезул тухамалъул цӀарги букIун буго ГIалкIал абун. Жакъа къоялъги гьеб ЦIалъ, басрияб росу букIараб бакIалда, руго рукъзабазул хутIарал кьучӀал, жеги ратизе бегьула гьенир цIа бакулел рукIараб бакIазул лъалкIал.

XVӀӀ гIасруялъул ахиралда ЦIалъ букIараб росуги тун, гӀадамал рахъун руго гъоркьегIан, гьабсагIат бугеб росдал Гьажукь авал бугеб бакIалде. Биценал руго, рахъиналъе гIилла букIанин ЦIалъ борхьал гIемерлъи, гьез лъимал гъанкъи. Цоги гIилла букIун батизе бегула ЦIалъ лъим мукъсанлъи. Гьеб ритIухъ гьабизе бегьула гьабсагIат бугеб росдал Гажукь авалалъул бищун басрияб рохен лъаралде аскIобе кколедухъ бан букӀиналъ. Росдал анкьгоялде гIунтIун рукIун руго хабзалаби, амма гьабсагIат цо гурони гьечIо. Гьеб хабзалалъ батараб бищун басрияб заниялъе буго лъабнусидаса цIикIкIараб сон. Гьелдаса формалго рикIкIине бегьула гьабсагIат бугеб росдае ругел санал. 

ЦIалъ бакI тедал, гIадамаз цIияб росу бана лъаралда аскӀоб, гьабсагIаб бугеб Гажукь авалалдаса гъоркегIан; абула, габсагIат бугеб мажгиталда гъоркъехун 50 рукъ букIанин (гьабсагIат буго 3–4 рукъ). 1845 соналъул риидал кIудияб лъар бачIун, рукъзалги, гьениб букIараб мажгитги хвезарун руго. ЦIияб мажгит бан буго 1847 соналъ (гьедин хъван буго мажгиталда жаниб), мажгит буго жакъа къоялъги.

Хьиндахъ росу букIана  Авар нуцаллъиялъул гIадатияб росу. Росдаца нуцалзабазе кьолаан ккураб къадаралъул магъало; хасаб гьабун росдада лъураб магъало букIана цIулакьудал цIулал рахъу, жибги чередизе хIалIизе гьабулеб букIараб. Росулъ букIун буго кIудияб квенд, жаниб цIул бухIун рахъу бахъулеб.

Батараб хъвай-хъвагIиялда буго: гьижраялъул 1310 соналъ (1889 сон) росулъ ракь багъарун, гIемерал чагIи хванин.

Кавказалъул рагъда Хьиндахъа гIахьаллъун руго Чондотилавги Чухъилдибирги (гьел шагьидлъун руго АхIулгохIда). Имам Шамилги муридзабигун вачIун вукIун вуго Хьиндахъе; гьениб шаригIаталъе кьучIги батун, Шамил нахъвуссун вуго ЦIатанихъе. 

Имаматалъул заманлда Хьиндахъ росу букІана буго Нахъа-Хьиндалъиялъул наиблъиялде гъорлъ.

Хьиндаъ росу чангIо нухалъ бухIун буго. ГIемераб тунка-гIуси букIун буго ГIоротIа росдалгун. ГIарадерица дагIба балеб букIун буго Хьиндахъ росдлал ракьазда. ДандбитIун бугеб рахъалдасан Дидиколо аблеб магъил хIалтIулел чагIазде гулла балеб букIун буго гIарадерица, гьелъ хурзал рекьизе кколел рукIун руго къасе мехалъ, оцазул лъурдузда нартил чирахъалги ран. Рес къотIараб бакIалде ккараб мехалъ, хиндахъа руччаби ун руго рузман къоялъ Унсоколое, тIаса кIазалги рахъун гьарун буго гьезул жамагIатплда кумек гьабеян. Унсоколоса Хьиндахъе рачIун руго 50 рекIарав; гьез лъазабун буго гIарадерил жамагIаталда росдада хъвагеян. 

Росдал бегавуллъун КIудив НухIи вугеб заманалда, гIарадерица дагIба бан буго Дергъвани ва Иццухъ ракьазда. КIудияв НухIица маслигIаталъе ахIун вачIун вуго Шураялдаса губернатор. МаслигIат гьабун, хьиндадерихъ жалго бетIергьанал ракьал хутIун руго. Амма XӀX гIасруялъул ахиралда гIарал цIидасан рахъана Дергъвани ракъ бахъизе. ГIарадерица ургъун буго хIила: хьитазде жаниб жидерго ракьги бан, гьел Къуръанги кодоб ккун гьедизе лъугьун руго жидер хIатIида гъоркь бугеб ракь жал бетIергьанаб бугилан. Амма гьезул хIила лъан буго, цинги хIатIида гIицIго гьедизе тIамун руго — гьезда кIун гьечIо гьерсидалъун гьедизе. ПалхIасил, ракьал хутIун руго хьиндадерихъ.

Граждан рагъул саназ росдаца большевиказде дандечIей гьабуна. 1919 соналъ большевикал рачIана МагIарул рагIалде, гьенисен росдаде тIаде базе байбихьана гIарадул гулла. ГIадамал росуги тун гочана Килалъе ва гьенир рукIана кІиго моцIица. Большевикал лъугьана чIобоголъараб росулъе, росу тун инчIого ратарал гIадамалги чIван, бата-кIвараб жоги бикъун, гьез росу чIунтIизабун тана.

КIудияб ВатIанияб рагъде Хьиндахъаги Колосаги ана 68 чи, гьезул 36 чи нахъ вуссинчIо.

П. В. С. ДАССРалъул 1954 соналъул 18 августалъул потановлениялдалъун Хьиндахъ сельсовет къана, росу рехана ГIоротIа сельсоветалде тIаде. 12 соналдаса гьебго П. В. С. ДАССРалъул 1966 соналъул 17 январалъул постановлениялдалъун Хьиндахъги Кологи гъорлъеги унеб Хьиндахъ росдал шура гIуцIана цIидасан.

Росу буго Бакълъул мухъалъулгун гIорхъода кколеб Хунзахъ мухъалъул шималияб бакътIерхьул рахъалда. Хунзахъа 17 км рикIкIад. Хьиндадъ росдал гIорхъи буго Хунзахъ мухъалъул ГIоротIа, МочІохъ, ГIочIло росабигун, шималияб рахъалда гIорхъи буго Бакълъул мухъалъулгун. 

Росу шартIияб къагIидаялъ бикьула кIиго бутIаялде — цIияб (ГьаматIа авал) ва басрияб рахъалде. Басрияб рахъалъ ккола къиблаялъул бакъбаккул рахъалдехун бугеб экспозицияги ва тIубанго гуреб лъар ккун эхебе бугеб лъарал ракьул кьерги. ГьаматIа авал буго росдадаса  лъар ккун добехун, бакъбаккул рахъалде дагьабго гьетIи бугеб гохIда. 

Кьер буго кIкIалахараб; руго иццалги. Тектоникияб планалда росу ккола ЧIалда синклиналалъул шималияб бакътерхьул кваркьиялде. Росу бугеб бакIалъул ракьбагъариялъул буго 7 балл. росдада цебесан чвахулеб ГIандигIоралъул гIаркьеллъун жиб кколеб лъар. Лъар буго силияб, ай, цIадал райдал, кIудияб лъар лъугьунеб. Лъараца бахъула рагIаллъи; рачIунел ганчIал рукIуна 2 метралде щолелги.

Росдал шималияб бакъбаккул рахъалда буго 300 метра бугеб гьитIинаб лъар, гьелъулги кIудияб цIад байдал лъугьуна саламатилабго их.

Хьиндахъ росу уна Сулахъалъул жаниблъиялде.

Хунзахъ тІалъиялде дан ккун, тIабигIат гIемер бечедаб буго. Хинаб Хьиндалъиялда букIиналъги, регьелал букIиналъги, росулъ ахал гIезари цебе тIураб буго. РукIуна батIи-батIиял пихъал: гIеч, гени, курак, микьир, кокон; камуларо цIибилги багIли-жагаги; букIуна цIулакьо (руго нусго сон барал гъутIбиги). 

Росдадаса къиблаялъул бакъбаккул рахъалда буго накIкIил рохь. Хонлъуда бугеб рахъалда данде чIвала чIчIвад, мах. Росдадаса шималияб рахъалда буго чIегIерцIулал рохь. Цогидал гъутIбузул даднде чIвала микк, рицI, ботI.

Хъонлъуда данде чIвала батIибатIиял хурдул, гьезда гьоркьор даруял хурдулги. Хъархъазул данде чIвала сани (барбарис), гIонхъори (жимолость), цIцIени, гIинтIи. Бакъда аслияб къагIидаялъ данде чIвала хIет,

ГIалхул хIайваназул данде чIвала гIанкIал, цурдул, гIанграл, бацIал, болъонал, гIандокьал. ХIанчІазул:  цIумал, хъарчигъаби, гъудул, мокъокъал.

Хьиндахъ росу ккола бацIцIадаб магIарул росу.

Хьиндахъ росу бикьула ункъго авалалде: Гажукь, Бакьулъ авал, Онсоди, ГьаматӀа.

 




#Article 170: ГІандуникІ I (210 words)


ГІандуникI I () — XV гIасруялъул кIиабилеб бащалъиялда жив вукIарав Аваристаналъул нуцал. Жиндирго эмен Ибрагьимица гIадин, ГIандуникIица Аваристаналъул ракь гIатIид гьабулеб букIана. Гьесул заманалда Аваристаналъул рукIарал ракьал ракьал хъван руго ГIандуникIица вацасул васасе хъвараб машгьураб васияталда.

ханзаби, лъабабилеб — Бакълъулазул умарал‚ ункъабилеб — гӀандалал, щуабилеб — Хьарусел‚ анлъабилеб — Бакълъал.
Дуца гьал кӀулал росани, дуе цӀам, гьоцӀо, цӀибил, махх, ччугӀа — цойгидалги мун хӀажалъулел жал дуда аскӀор рукӀинеги руго. Гьединан дуца гьел росичӀони, дудаса щибаб жоялъ мугъ бала. Цинги хал гьабе дуца нилъер умумуца жидеда милклъи гьабурал бак1ал, гьезул гӀорхъалабиги: бакътӀерхьул рахъ — Мийасу-гьатӀан‚ бакъбаккул рахъ — ГьоцӀдерил росу бакьулъ, жанубалъул рахъ — Хучадаса бахъараб Гьаркьадерил кьотӀе швезег1ан‚ шималалъул рахъ — Сала-мегӀер, Таргьуялде щвезегӀан. Цинги хал гьабе дуца нилъерго умумузул Дагъистаналъулъ абулеб рагӀиядухъ: нилъер Дагъистаналда вуго кӀинусазаралдаа лъабкъоялда анцӀ азарго чи (270000). Лъабкъого азарго чи тавасаразул ханасе руго‚ лъебер азарго чи Хайдакъалъул руго, нусазарго чи Гъумеки ханасул руго, къоазарго чи нуцалил аскаралъул руго. Гьев бищун гӀаскар цӀакъав‚ гуч бугевги вуго. ГӀенекке, дир вацасул вас, дуца цӀакъ бахье гьал гӀорхъабадаса жани лъугьине. Дуца тезеги тогее мун гурезе рокьоб гӀанасеб ракь, мун, дурго умумул гlадин, ханлъи гьабулев чи ватини.

Гьаб тарих хъварав чийилан буго ГӀандуникӀ нуцалил къади ГӀандиса ГӀали Мирза гьаб соналда — 890..

ГIандуникI хвана 1485 соналъ, гьесда хадуб нуцаллъун лъугьана Булач-нуцал.




#Article 171: Египет (403 words)


Еги́пет (гIараб صر  Миср/Miṣr Халкъаздагьоркьосеб гьаркьазул алфавит|[misˤɾ]  ,  маср.مصر Маср/Maṣr Халкъаздагьоркьосеб гьаркьазул алфавит|[ˈmɑsˤɾ] , копт. ΚΗΜΙ Халкъаздагьоркьосеб гьаркьазул алфавит|[kʰēmi] ), официалияб цIар: Еги́петалъул ГIaра́б Жумгьурият  (гIараб. جمهورية مصر العربية Джумхурийят Миср аль-ГIарабийя, маср. جمهورية مصر العربية Гумхурия Маср иль-ГIарабийя) ккола Шималияб Африкалдаги Азиялъул жибги кколеб Синаялъул бащадаб чIинкIиллъиялдаги бугеб, гьединлъидал кIиго континенталъули кколеб Пачалихъ.

Шималияб бакъбаккул рахъалда гIорхъи буго Исраилалъулгун ва ПилистIиналъулгун, къиблаяб рахъалда — Суданалулгун, бакътIерхьун рахъалда — Либиягун. Шималияб рахъалда Египеталъул ракь чурула  Ракьдагьоркьосеб ралъадалъ, бакъбаккул рахъалда — БагIараб ралъадалъ, гьеб кIиябго жубазабун буго гIадамасул квералъ гьабураб Суэцалъул каналалдалъун.

Еипеталъе истикълал щвана 1922 сналъул 28 февралалда Британиялъул империялдаса. 1953 соналъ Египет лъугьана Жумгьуриятлъун. Халкъалъул къадар бахуна 97 041 072 чиясде (дунялалда 14-б бакI); ракь — 1 001 450 км². Дунялалда гьелъ ккола 29-еб бакІ. Пачалихъалъулаб мацІ буго ГIараб мацI. Тахшагьар — Къагьир

Египеталъул гIемерисеб ракь салул авлахъаз ккураб буго, гIемерисеб халкъалъ гIумру гьабун буго Нил гIоралъул рагIалда.

Египет буго дунялалда бищун некIсиязул жиб кколеб цивилизациялъул ватIан.

Европалде Египет абураб цIар бачIараб буго некIсияб грек мацIалдаса (некI. грек.  Αἴγυπτος, а́йгюптос). Гьеб ц1ар лъугьараблъун рик1к1уна Мемфис (Египет) шагьаралде египтяназ абулеб букIараб Хикаупта (егип ḥwt-kȝ-ptḥ ПтахIил рух1алъул рукъ) цIаралдаса. Греказ гьеб цIар рекIинабуна тIолго хIукуматалдаго.

Г1араб бащдаб ч1инк1иллъиялъулги, Цебесеб Aзиялъулги,Фуратгун Дажлат гIоралъул гьоркьоблъиялда ругeл халкъазги хIатIизабула Египеталъул цойги цIар - Миср (гІараб. مِصر, гьибр. מִצְרַיִם гIумру гьаблеб бакI, шагьар,). Гьеб цIар хурхараб батизе бегьула Египеталда гIемераб халкъги  шагьаралги рукIиналда.

НекIсияб Египеталда жидерго ватIаналде абулаан Та-Кемет-илан (егип km.t чIегIер-ракь), гьеб хурхараб буго Египеталъул Нил гIурул гIаралда бугеб бечедаб чIегIер-ракьалда (салул авлахъазул багIараб ракьалде дандеккун). Гьеб цIар жеги бугеб копт маIалдaги (ΧΗΜΙ). .

Египет ккола дунялалда бищун некIсиязул жиб кколеб цивилизациялъул ватIан

БакътIерхьуда Египеталъул гIурхъи цула Либиягун, бакъдехун — Судангун, бакъбаккудехун ПилистІингун ва Исраилгун. Гьединго Египеталъул ралъдал гIурхъаби руго СагІудиязул ГІарабиягун ва Урдунгун.

Бакъдасеб рахъалда ккун буго Ракьдагьоркьосеб ралъадалъ, бакъбаккуда — БагIараб ралъадалъ. Египеталъул ккола Суецалъул канал — бищун кIудияб гIадамасул квералъ гьабурал каналазул цоябги кколеб. Гьеб каналалъ Ракьдагьоркьосеб ралъадги БагIараб ралъадги хурхинабула, гьелдалъун Атлантикияб океаналдаса Гьиндустаналъул океаналде нухги къокъ гьабула.

Египеталъул ракьалдасан чвахулеб буго бищун кIудиял гIоразул цояб — Нил гIор

Сурсатал

Египеталъул ракьалда руго нартил, тIабигIаталъул газалъул, маххул магIданалъул, фосфатазул, гачиганчIил, марганецалъул, цинкалъул, тIухьидул нахърателал

Жанисел лъинал

Египеталъул аслияб лъел ицц буго Нил гIор, бакътIерхбуда ругел салул авлахъащда руго оазисалги. Гьелъул рагIалда бижана кIудияб Египеталъул цивилизация. Нил гIурул лъим хIалтIизабула ракь лъалъазеги, токалъул энергия гьабизеги. 

Ракь ва гъветI-хер

Фауна

Египеталъул фауналда данде чIвала жайранал, цурдул, салул гIункIкIал, гIанграл, бегемотал, крокодилал, варанаби, гIемерал батIи-баIиял хIанчIи, хIутI-хъумур, ччутал ва борхьал.




#Article 172: ГІанди хІор (122 words)


ГІанди-хІор, Кезено́йам,  — Дагъистаналъул Болъихъ мухъалъул ва Буртиязул Ведено мухъалъул гІорхъода бугеб хІор.

Рорхатал мугІрузда бугеб ГІанди хІор ккола — Шималияб Кавказалдаго бищун кІудияб ва бищун гъваридаб хІорлъун. Гьеб буго Дагъистаналъул Болъихъ мухъалъул ва Буртиязул Ведено мухъалъул гІорхъода, ГІанди мугІрузул жанубияб хьибилалда, ралъдал гьумералдаса 1869 метраялъ тІадегІан.ХІоралъул тІасияб рахъ — 2,4 км². Гьеб лъугьана Харсум ва Кауха мугIрул расалъиялъул гIоразул лъим данде бакIариялъул хIасилалда. Жаниб лъим бакIаризе гьениб сангар къанин чIезабулеб буго, ракь багъариялъул хIасилалда ччукIун бачIараб кьуроялъ.

ХІориниб бугеб лъел уровень хисула щибаб лъагIалидаса лъагIалиде, бассейналъуре рортулел атмосфериял аххакьазул къадаралда бан. Лъим гьениб букIуна цIорораб, риидал тIасияб рахъалда лъел температура бахунаро 17-18 градусалдаса. Гъоркьиял гъатазда температура букIуна гIага-шагарго 7-8 градусалда. Хасало тIубанго хIоралда цIер къала, батIи-батIиял соназда цIорол биццалъи бахун букIана 70-80 сантиметразде.




#Article 173: Тарих (402 words)


Тарих () ялъуни история () ккола гIелмуялъул цо бутIаги, гьединго гуманитариял гIелмабазул цоябги, жинца цебе рукIарал гIадамал, гьезул рукIа-рахъин, ишал, гIумру, гIезул букIараб жамгIияб гIуцIи, гьоркьолъаби ва г. ц. лъазе гьабулеб. 

Дагьабги хас гьабураб магIнаялда тарих ккола жинца кинабниги цебе букIараб жоялъуд рицунел иццал лъазе гьабулеб, жибги лъугьа-бахъиналъул тартибги, тарихиял хIужжабазул хIакъикъатги чIезабулеб ва лъугьа-бахъиназул гIиллаялъул хIакъалъулъ хIасилалги гьарулеб гIелму..

Тарих абураб рагIи авар мацIалде бачIана гІараб мацІалдасан, (гьенибги تاريخ  абураб рагIиялъул гьебго магIна буго).

История абураб рагIи бачIараб буго НекIсияб грек мацIалдаса (ἱστορία, historia), гьебги буго некIсияб индоевропаялъул мацIалъул wid-tor- рагIудасан лъугьараб (гьениб weid- кьибилалъул магIна — лъазе, бихьизе). 

Гьединго НекIсияб Грециялда «история» рагIиялъ магIна кьолаан гIелмияб цIех-рехалдалъун щвараб бокьараб лъаялде, жакъасеб къоялъ бугеб тарихияб лъай гуребги. Масала, Аристотелица гьеб рагIи хIалтIизабун буго жиндирго «РухIчIаголъабазул историялда» . Гьединго гьеб рагIи дандчIвала Гомерил гимназулъ, Гераклитил адабияталъул асаразда ва Афиназул пачалихъалъе балеб гьаялда. НекIсияб грек мацIалда букIана гьединого  historeîn «гIелмияб цIех-рех гьабизе»абураб рагIи, жибги цин Иониялда хIалтIизабулеб букIараб, цинги хадуб гьенисан тIолго Грециялдеги ва ахиралда тIолго греказул цивилизациялдеги тIибитIараб.

Добго некIсияб грек мацIалъул магIнаялда «история» хIалтIизабулаан XVII гIасруялда Френсис Бэконица гIатIидго хIалтIизабулеб «тIабигIияб история» терминалда. Гьоркьохъел гIасрабазул Англиялда «история» рагIи гIемерисеб хIалтIизабулаан хабаралъул магIнаялда  (story). Хасаб термин история 
Цебесел лъугьабахъиназул тартиб хIисабалда хасаб термин история (history) баккана Ингилис мацІалда XV гIасруялъул ахиралда; «историкияб» (historical, historic) абураб рагIи  — XVII гIасруялда.  Германиялдаги, Франсиялдаги Росиялдаги кIиябго магIнаялдаги хIалтIизабула цо «история» абураб рагIи.

ТарихчагIи цого заманалда лъугьабахъиназул хал ккун ругеллъунги гьезул гIахьалчагIилъунги кколелъул, гьезул тарихиял хIалтIаби хъварал рукIуна гьезул заманалъул пикруялдалъун, ва политикияб рахъ кквей гуребги, гьел хIалтIабазулъ рукIуна жиндирго заманалъул гъалтIалги. Италиязул гIакъилчи Кроче Бенедеттол рагIабазда рекъон, «тIолго тарих ккола жакъасеб тарихлъун». Тарихияб гIелмуялъ чIезабула тарихалъул иналъул хIакъикъияб битIун бицин, жиблги лъугьабахъиназул бициналдалъунги, гьезул ритIухъаб анализалдалъунги. Нилъер заманалда тарих чIезабула гIелмиял институтазул къуваталдалъун.

Киналго лъугьабахъиназ, жалги наслабазул ракIалда  батIи-батIиял  куцазда чIолел, гIуцIула тарихиял хроникабазул  хIасил. Гьеб къваригIуна цебе букIараб жо бахъун чIезабизе бищун кIвар бугел иццал ралагьезе. Щибаб тарихияб архивалъул гIуцIи браб букIуна дагьабги жамгIияб архивалда, жинда жаниб цоги-цогиял хъвайхъвагIабиги документалги. Архивиял иццаздалъун гуребги, тарихчаIаз хIалтIизарула монументазда ругел суратал ва хъвайхъвагIай, кIалзул биценал ва цогидал иццал , масала, археологиял. Тарихиязда рачIел иццал рихьизарулаго, археологиялъул цIакъго кIудияб мукагIалъи букIуна тарихияб гIелмияб цIех-рехалъе. Лъугьабахъиназул нугIзаз бицараб жо ритIухъ гьабизе яги нахъчIвазе гуребги, гьелъ рес кьола жиндир заманалъул нугIзазул жиндие нугIиялъе жо течIел заманалъул бутIабазул хIакъалъулъ информация батизе.

Цо-цо ауктораз тарих риккIкIуна гуманитарияб гIелмулъун, цогияз — жамгIияб гIелмулъун, а может и рассматриваться как область между гуманитарными и общественными науками.




#Article 174: ГIелму (231 words)


ГIéлму ккола гIадамасул хIалтIул рахъ, жибги хIакъикъаталда бугеб жоялъул бугеб объективияб лъаялъул хIалтIул рахъиялдеги систематизация гьабиялдеги буссараб. Гьеб хIалтIул кьучIлъун ккола хIужжаби ракIари, гьел цIи гьари ва гьезул систематизация гьаби, гьезул критикияб анализ гьаби, ва гьеб киналъулго кьучIалда, цIияб лъай  яги гIаммал хIасилал щвей, жидеца  гIелмияб мурадалда тIабигIиялги жамгIиялги рихьулел хIалазул ва лъугьабахъиназул  хъвай гуребги, гIилла-хIасилияб бухьен гIуцIизе, цебеккун бициналъул мурадалда. Ай гипотезаби, хIужжабаздалъун яги хIалбихьияздалъун жал ритIухълъулел, гIуцIула тIабигIаталъул яги обществоялъул къанунал хIисабалда .

ГIатIидаб магIнаялда гIелмуялъ жаниб бачуна данде кколеб ишазул киналго шартIалги бутIабиги:

ГIелму лъазабулеб гIелму ккола ГIелмулъай.

ГIадамасул лъаялъул рахъалъул батIи-батIиял кьучIаздалъун классификация гьабизе хIалбихьулаан цебе заманалдаго.
Попытки классифицировать области человеческого знания по различным основаниям предпринимались ещё со времён античности.

Гьедин, Аристотелица гIелмаби рикьулаан лъабго батIиябтайпаялде, жалги хасаб иерархиялда чIарал:

Аристотелица жинцаго гьабураб формалияб логика философиялде данде кколароан ва рикIкIунаан гьеб лъай щвеялъул тIагIеллъун («органлъун»).

Румазул энциклопедист Марка Варронил классификациялда гъорлъе уна хадусел гIелмаби: грамматика, диалектика, риторика, геометрия, арифметика, астрология, музыка, медицина ва архитектура .

Mатематика, логика, информатика, кибернетика гIадал гIелмаби цо-цо мехалъ ратIа гьарула хасал гIелмабазде — формалиял гIелмаби, батIияб къагIидаялъ абстрактивиял гIелмаби жидеда абулел.
Оормалиял гIелмаби данде лъола тIабигIиял ва жамгIиял гIелмабазде, жидеда гIамм гьабун эмпирикиял гIелмабийилан абулел. Цогидал гIалимзабаз математика рикIкIуна битIараб гIелмулъун, хутIарал — когнитивиял гIелмабилъун.

ГIелмияб адабияталде гъорлъе унв гIелмиял хIалтIаби, монографиял ва журналал.

ГIадатаб адабияталдасаги фолософиял хIалтIабаздасаги гьелъул батIалъи буго хIужжабаздалъун чIезарурал пикрабазулъ, мухIканал хIалбихьиязда кьучIги тIамурал, гIелмиял иццазде мугъчIвайги бугел.




#Article 175: Копт мацI (144 words)


Копт (бохарияб диалекталда: ϯⲙⲉⲧⲣⲉⲙⲛ̀ⲭⲏⲙⲓ timetremənkʰēmi ва cагІидияб: ⲧⲙⲛ̄ⲧⲣⲙ̄ⲛ̄ⲕⲏⲙⲉ tməntrəmənkēme) ккола шималияб Афро-Азиялъул мацІазул хъизаналъул Египеталъул мацІалъул ахирисеб хІокІлъун, жинда Египеталда  XVII гІасруялде щвезегІан кІалъалел рукІарал тІаде грек мацІалда рукІинчІел египеталъулал гьаркьал рихьизаризе демотикаялдаса анлъго-анкьго хІарпги жубан гьабураб копт алипба хъвадариялъе хІалтІизабизе. 

Копт мацІалъул буго чанго диалект, гьезул бищун машгьураллъун ккола ТІасияб Египеталъул сагІидияб мацІалъул свериги Мемфисалъул мацІалъул свериги, жиб Гъоркьияб Египеталда Нилалъул Дельтаялъул бакътІерхьун рахъалда лъугьараб.

Копт ва Демотик мацІал цун хурхарал руго жиб Египеталъул гьиероглифазда хъвалеб букІараб хадусеб египеталъулаб мацІалда.Адабияталъулаб мацІ хІисабалда копт мацІ тІегьалеб букІана н. щ. II гІасруялдаса XIII гІасруялде щвезегІан, Цебесеб модернияб периодалде копт мацІ кІалъалеб мацІ хІисабалда  хисана гІараб мацІалъ, амма XIX гІасруялдасакопт мацІ чІаго гьабизе хІал бихьи гьабулеб буго. Гьелъул динияб мацІалъул свери жакъа къоялъги хІалтІизабула 

Жакъа къоялъ копт мацI хІалтІизабула литургияб мацІ гІадин Копт ортодоксалияб килисаялъ, ва цо-цо коптазул хъизаназдаги цоцада гьоркьоб кIалъалеб мацI хIисабалдаге.

Category:Грек алипба]




#Article 176: Нил (168 words)


Нил (гІар.النيل, Эн-Ниль; инг. Nile, егип. iteru яги Ḥˁpī, коп.Ⲫⲓⲁⲣⲱ p(h)iaro — буго Африкалда бугеб гІор,  Дунялалда халалъиялъул рахъалъ бищун кутакал гІоразул системалъул цоябги жиб кколеб. «Нил» абураб рагІи бачІараб буго грек мацІалда гьеб гІеб гІоралда абулеб букІараб «Нейлос» (некІ. грек. Νεῖλος) цІаралдаса.

ГIор Бакъбаккул Африкаялъул мугIрул ритIелалдасан бабихьун чвахула Ракьдагьоркьосеб ралъадалъе, 24 азар. км² гIатIилъи бугеб Дельтаги лъугьун. Среднегодовой расход воды в устье Нила 2900 м³/сек. ТIасияб чвахиялда Нилалъулъе чвахула чIахIиял гIаркьелал — Ал-Гъазал (квегIаб), Асва, Ал-Асфар, ХъахIилаб Нил ва Атбара (кваранал). Атбара кваранаб гIаркьелалъул чвахиялдаса гъоркьегIан байбихьун, Нил чвахула ахирисеб 3000 км-ялъ тIокIалб цониги гIаркьелги гьечIого.

Нил гIурул лъел система рикIкIуна дунялалда бищун халатаблъун. ГIурул жаниблъиялъул гIатIилъи буго 3349 аз. км². Байбихьи буго Руандаялда, гьебги буго Рукарара лъар, жибги Кагера гIурулъу чвахулеб. Лъел чвахиялъул ин лъагIалида жаниб хисардула. Гуми хьвадулел бутIабазул гIаммаб халалъи буго 3,2 аз. км. Нилалъул лъим хIалтIизабула лъалъадизеги токалъул энергия гьабизеги. Нилалъул Дельтаялдаги гIурумухъалдаги гIумру гьабун буго Египеталъул тIолго халкъалъ, ва гьенибго буссинабун буго тIолго экономикаги. ЧIахIиял шагьараллъун руго Къагьир, Асуан, Ал-Искандерия, Хартум
.




#Article 177: Суракъат I (868 words)


Суракъат I — аваразул нуцал, жив, цо-цо баяназда рекъон, XI гІасруялда, цогидал баяназда, XII яги XIII гІасруялда вукІарав. Нуцал Саратанил вас.

Суракъатие мукІурал рукІана ва магъало кьолаан Черкесалъа бахъараб Шамаха шагьаралде щвезегІан ругел киналго халкъаз..

Суракъат абулеб цІар буго гІарабазул. Гьеб цІар авараз хІалтІизабиялъ нугІлъи гьабулеб буго аваразалул гІарабазул бутІрузда гьоркьор рукІарал хурханазе. Суракъадил гІумруялъул къоязул суал жеги тІубан гьечІо. Руго батІи-батІиял пикраби, аслияб къагІидаялъ гІарабазул бакІалъул гІарабазул иццазда мугъ чІван ругел. ГІемерисел мусанипаз абулеб буго Суракъат вукІанин XI гІасруялъул ахиралда — XII гІасруялъул байбихьуда абун..

Гьеб периодалъул цІакъ кІвар бугеб иццлъун ккола «Бабалъул ва Ширваналъул тарих», гьелъул тексталда, гьижрияб 416/1025 соналъул лъугьа-бахъинал рицунго, Сариралъул насранияв бетІерлъун рехсон вуго Бухтйишо II, жиндирго Сарийя абулей яс росасе Чоралъул амир МухІамад ибн Гьишамие кьурав. Гьесде щвелалде нусго соналъ цеве рехсон вуго Бухтйишо I, жинца гь. 292/905 с. Чоралъул амир асирлъуде восарав. II Бухтйишол ирсилавлъун, рес бугею жо, вукІана К-рух яги Ф-рудж (гІараб хъвай-хъвагІиялда бихьизабун гьечІо тІоцебесеб рагьухъаб ва кІолеб гьечІо битІун цІализе ахирисеб хІарп), гьесул вас, ТІокъу, рехсон вуго гьижрияб 457/1065 соналъ. Чоралъул раис Муфарридж ибн Музаффарил дур хІисабалда. Гьеб информациялде рекъон, рес гьечІо Суракъатица XI гІасруялда ханлъи гьаби. ГІемерисел тарихчагІазда рекъон, Суракъат вукІун ватизе бегьул XII гІасруялда. ШихсагІидилазул Р-л. А-ца. ва А.Е. Криштопаца, «Аргъвани росдал хІакъалъулъ бицен» абулеб иццалъ кьолеб информациялде мугъчІвайги гьабун, рикІкІунеб буго, гъазиязул тІоцебесеб сапар гьижрияб 654 (1256) соналъ букІанин абун, ва гьелдаса бачІунеб гьезул пикруялда рекъон, Суракъат гьавун вуго гІ.-ш. 1190-л соназ в хун вуго 1250-л соназ, гъазиязул Хунзахъе тІоцебесеб сапаралде ва Хунзахъ бахъиялдещвелалде цо чанго соналъ цеве..

Айтберилазул МухІмадил Тимуридада рекъон, Суракъат вукІун вуго Исламалда цебесев Аваристналъул ахирисев нуцаллъун, ва гьесул ханлъиялъул заман XI гІасруялъул ахиралде кколеб буго.

Бакихановасда рекъон, Абу Муслив вукІун вуго гьижрияб V гІасруялда, ай 1009 ва 1107 соназда гьоркьоб заман. XI–XII гІасрабазул иццазда рекъон лъалеб буго: Ширваналдаса бусурбабаз насранияб букІараб Гъумекиб кверде босун буго XI гІасруялъул кІиабилеб бащалъиялъул байбихьуда (Фарибурзиде хъварал шигІрабазул цоялда буго гьадинал мухъал: «Нужер аскаралъул цо къокъаялъ гьабичІищ чабхъен ва тохлъукьего босичиІищ кверде Гъумекиб?»), гьелъул гІадамаз Ислам босун буго XI гІасруялъул ахирисел соназда. Гьел далилаз кьолеб буго аслу Суракъатица Аваристаналда нуцаллъи гьабулеб букІанин XI гІасруялъул ахиралда абун рикІкІиналъе. Аргъвани росдал хІакъалъулъ биценалъул гІаммаб информациялда рекъон, Суракъатица нуцаллъи гьабулеб букІун буго 1038/39 ва 1247/48 соназда гьоркьоб. Хунзахъ тІалъиялде бусурбаби рачІиналъе къо-моцІ кьей гьабизе бегьула XI–XII гІасрабаздалъун. Гьанибго рехсезе ккола: Хунзахъ батана кІиги гамачІ тІад гІараб хъвай-хъвагІабиги ругел, гьел хъван ругел хІатІалда рекъон гьел рикІкІине бугьула XI–XII гІасрабазда гьарураллъун.

Суракъат нуцалил заманалда гІуцІула тах ирсалъе кьеялъул тартиб, жинда рекъон Суракъатил ирсалъул варисзабазе гурони ихтияр букІинчІеб Аваристаналъул тахида рукІине.

Суракъатил рагІият букІана насранияб ва жугьутІ дин ккурал, хъанчие лагълъи гьабулел. Нуцал рикІкІунев вукІана цІакъ къуватав, рагІи билъарав бетІерлъун. Авар нуцаласе мутІигІал рукІана Шамахалдаса бахъараб Кабардаялде щвезегІан ругел киналниги халкъал, Тушетия ва чачанал. Императорасулаб географияб жамагІаталъул хъвай-хъвагІаялда рекъон, Суракъатица «ханлъи гьабулаан буго Шамахалдаса бахъараб Кабардаялъул гІорхъоде щвезеган ругел халкъазе, чачанал ва тушиял абуни рукІана гьесул рагІиятчагІилъун».

МухІамадшафигІ аш-Ширваниясда рекъон, Суракъатиц ханлъи гьабулаан «Авар улкаялда» бугеб «ТІанус» абураб шагьаралда, «ва гьеб — жиндир гучалдалъун Дагъистаналъул бищун къуватал шагьарабаздаса цояб…». Гьебго иццалъул информациялда рекъон, Сариралъул хазинаялде бачІунеб букІун буго магъало «Дагъистаналъул киналниги гІадамаз, Черкессалъа бахъарб Шамах шагьаралде щвезегІан ругез» кьолеб. Гьеб Шамаха шагьар буго Ширваналда, гьанжесеб Азарбижаналде гъорлъе кколеб.

Къажаразул XIX гІасруялъул гІалимчи ГІаббас-Кули-агъа Бакихановас хъвалеб буго «ТІануси шагьаралда, Аваристаналъул некІсияб тахшагьарлъун кколеб, вукІана гучав ва кьварарав амир, жинда Суракъайилан абулев. Гьев Суракъаца, Шамахалъул гІорхъодаса бахъараб черкессазул в чачаназул ракьалде щвезегІан ракьазда кверщел букІиндал, магъало бакІарулаан гІарцудалъун, боцІи-панзалдалъун, къайиялдалъун, чадидалъун, пихъаздалъун ва хІатта гІанкІудал ханаздалъун. Хадуб: «Аслияб магъало букІана: санайил щибаб хъизаналъ кьезе кколаан гІарцул лъабго диргьам яги гьелда бащадаб къимат меседалъул ва цо-цо бищун хІалтІизабулеб чадил роцен; щибав базарганасда тІад лъун букІана дарай ххамалъул кІиго жо ва кІиго кагътил; щибаб ахалдаса бакъвараб цІибилалъул цо-цо хъап. Гьеб гуребги, щибав чи чІварав чияс кьезее кколаан нусго чахъу, цІогьорс ва гьесда релълъарав такъсирчияс абуни — цо-цо оц. Щибаб росдаца, цияв нуцаласда баркулаго, кьолаан щуго царал цІоко — цо чІегІераб ва щуго тІогьилаб, ва щуго куй; нуцал хвараб мехалъ — цо чу, нуцаласул рокъоб щибаб бертадуе абуни — цо оц ва кІиго куй».

ГІарабаз Суракъат рикІунаан Исламалъул тушманлъун ва гьесде данде зенаб рагъ гьабулеб букІанаАваристан кверде бостзе абун. Хъвай-хъвагІабазда рехсон буго гьединго: «Аварал гьеб мехалъго рукІана, гьанжего гІадин мугІрулаб Дагъистаналда бищун тІоцебесеб, цебехъанлъи жиндихъ бугеб халкълъун, ва гьез гІарабазде бидулаб в халатаб данде чІей гьбуна». Суракъатилгун рагъ байбихьула шайх АхІмадица. Цо рагъулъ Суракъатил бо къола ва гье нахъекъала ТІанусиве. Шайх АхІмадица жиндирго муридзаби ГІабдуллагун ва Абу-Муслимгун Хунзахъ чІунтизабула, цо иццалда рехсохъе: «хвалие кьола гьесул рагъухъаби цадахъчагІигун, асир гьарула гьезул руччаби ва лъимал, талавур гьабула кинабго гьезул хазина, киналго гІдамазда босизабула Ислам...». Суракъат хъизангун цадахъ лъутизе ккола Тушетиялда ругел жиндирго ракьазде.

ГІумрудал ахиралда Суракъатица жиндирго богун пачалихъалда хІакимлъи бахъула. Гьеб заманалде шайх АхІмад хун вуІуна, гьев вукъула Хунзахъ. Амма гІемераб зманал нуцаллъи кквезе Сураъктида кІоларо: Абу-Муслим цІидасан тІаде кІанцІула Суракъатиде ва гьев нахъе гъола. Суракъат холе гьелдаса хадув.

Абу-Муслимица Суракъат чІвала, бахъула гьесул кинабниги хазина, гьединго бухІула гьесул си, хараблъизабула Суракъатил киналниги ракьал ва живго чІола гІумру гьабун Аваралда, тІолго Дагъистаналъул ва щибав бусурманасул имам хІисабалда. Гьев лъугьуна авар нуцалчилъун.

Абу-Мусли хведал, Хунзахъ шагьар цІидасан тІадбуссуна Суракъатил ирсилазухъе. Суракъатил тухум гІемерлъула ва нуцаллъи гьезул цоясухъа цогидасухъ ирсалъе кьолеб букІуна. Гьединлъидал киналго Хунзахъ нуцалзаби ккола Суракъатил наслуялъул чагІилъун. Кинабниги Дагъистан хутІула гьезул кверщаликь. Гьеб лъугьана Гьижралъул 645 соналъ.




#Article 178: Байcар II (118 words)


Байсар I, яги Байар (XII гІ.-л ахир) — Аваразул нуцал, Суракъат I нуцаласул вас.

Байярица нуцаллъиялъул иш кодобе босана жидирго эмен Суракъатидаса I хадуб, ва нуцаллъун вукIана гІарабаз Хунзахъе тІоцебесеб рагъул сапар гьабизегІан. «Аргъвани росдал хІакъалъулъ бицен» абураб тарихияб асарги кьучІалъе босун, рикІкІуна тІоцебесеб рагъул сапар букІанин гьижраялъул 654 соналъ (1256 с.); цинги гъазиязде данде рагъ гьабунин 30 соналъ.

Хунзахъ Абул-Муслим вугебгІан заманалъ, Байсар вукІана Тушетиялда. МагІарулазда гьоркьоб Ислам тІибитІулеб букІана захІматго. КватІичІого Абул-Муслим хола, ва Баярица къасд гьабула жиндрго ханлъиги тахги нахъ буссинабизе. Нуцалзабазул кидагосел рахъ ккурал тушетазулги, цІунтІисезулги, бацбиязулги кумакалдалъун, Байярица гъазиязда кьаби щвезабула ва нуцаллъиялда кверщел жиндихъего нахъбуссинабула. Амма цо чанго анкьидасан Шайх Майсумица Байсар тІаса рехула. Гьев Тушетиялде лъутула, ва жиндирго эмен гІадин, къватІив хола.




#Article 179: Нуцал (201 words)


Нуцал ккола жал Сариралъул ханзабазул ирсиллалъун кколел ва жидер резиденция цин ТІануси в хадуб Хунзахъ шагьаралда букІарал Аваристаналъул ханзабазул титул.  

Бещун тІоцевесев нуцаллъун рикІкІуна VI гІасруялда вукІарав Авар-хан. МухІамад Рафиясул «Дагъистаналъул тарихалда» Нуцалзабазул наслу байбихьулеб буго ГІарацханидаса (ГІарацхан І),живги VII гІасруялда вукІарав. 

варистаналъул бищун къуватав ва рагІи билІарав нуцаллъун вукІана КІудияв ГІумахан, жиндир заманалда Авар нуцаллъиялъул пачалихълъиги, къуваталги, цебетІейги завалалде бахарав.  

Ахирисев нуцаллъун вукІана Мехтуласа Ибрагьимхан (1859 – 1863). 1863 соналъ Авар нуцаллъи тІубанго Россиялъул империялде гъорлъе ана.

Нуцал абураб титулалда ва гьеб бачІараб бакІалда сверун чІван-къотІараб жаваб гьечІел суалал. Цо-цо гІалмияб цІех-рех гьабулез рикІкІунеб буго гьеб титул гужи мацІалъул «нацвал» абураб рагІиялдаса бачІин. Амма гьеб теория битІараб букІин цІакъ щакб буго, щай абуни гьеб термин гуржиялъ къанагІатгицин хІалтІизабуларо стратификациялъул номенклатураяла. Гьеб рагІул этимология балагьизе ккола жибго Авар мацІалда, жинда жаниб -ал ахир бугел рагІаби гІезегІан ругеб. ГІинтІамизе ккола авар мацІалда «нуцал» абулеб темин гІадин «нуцияв» абураб терминги хІалтІизабулеб букІараблъиялъухъ. Гьеб терминалъулгун релълъенлъи гьабула хадусел терминазги: «нусияв», ай нусил бетІер, ва «нуцІияв» — нуцІа цІунулев. Гьеб кІиябго версиялъ бихьизабулеб буго «нуцІияв» абулеб термин бетІерав нухмалъулесде абулеб «нуцал» терминалде цебетІей. Гьеб пикру хІакълъула Авар пачилхъ жиндир байбихьуда жиндирго хьундасел гІорхъаби гочарухъабаздаса цІунезе гІорхъодасеб пачалихъ хІисабалда Сасниязул Ираналъ кумек гьабун  гІуцІун букІин рикІкІиндал.




#Article 180: Авар нуцаллъи (1164 words)


Аваристан, Ава́р ха́нлъи (Ава́р нуца́ллъи) —  XI–XIX гІасрабазда Кавказалда букІараб феодалияб пачалихъ. Жиндир заманалда Авар нуцаллъи букІана Дагъистаналъул гурелги, цогидал ракьаздеги кверщел щвезабураб къуватаб пачалихълъун.

Авар ханлъи гІуцІана Сарир пачалихъ биххун хадуб (XI гІасру), гьелъул ирсилаб пачалихъ хІисабалда. Жиндир байбихьуда Авар ханлъиялъул динлъун букІана насранияб (гьединго росабалъ букІана тІибитІун аваразул некІсияб динги). Хадуб кьучІаб динлъун лъугьана Ислам. 

Авар ханлъи чияда бачІеб пачалихълъун букІана магъулазул заманалдаги, Тимурил заманалдаги. Авар ханлъи мукІур гьабизе кІвечІо Надир-шагьидаги.

XVIII гІасруялда Авар ханлъи лъугьана бакъбаккул Кавказалда бищщун къуватаб пачалихлъун; гьелъул кверщаликь рукІана Дагъистан гуребги гуржиязул хан ГьиракІли II, Дербенталъул, Кубаялъул, Шекиялъул, Бакиялъул, Ширваналъул, Саланалъул, Эриваналъул ханзаби, Ахалцихлъул паша, чачаназул къавмал, ва тІолго ЦІор.

Кавказалъул рагъул заманалда Аваристан ана Шималияб Кавказалъул имаматалде гъорлъе; ХІамзатица Баху-бикал лъималги чІван, тІагІинабуна некІсияб нуцалзабазул тухум. 

Нуцаллъиялъул хІакъалъулъ лъала тарихиял хроникабаздасаги фольклоралдасаги. ГІарабал рачІиналдего, Хунзахъ ТІалъиялда лъугьана кІудияб хІукумат, жиндир бетІерасул нуцал абун титулги бугеб, жиндир тахшагьарги ТІануси бугеб. ТІануси бикьулаан кІиго бутІаялде: ТІа-нуси ва Гъоркь-нуси; гьеб кІиябгоги букІана аскІоб цун. Гьенисан букІун буго ГІакаро магІарде цІан рахас цІумурги бугеб, тІаде чи кІанцІараб мехалъ ахІи базе букІараб. Рахас цІараб бакІалъан рукІун руго цо чанго сиял. Гьенир хъаравуллъуда ругел гІадамал эркенал рукІуе руго магъалоялдаса.

Аваристан бугеб ракь кколеб букІун буго Хун абураб ракьалде гьоркьобе. М.Чамчианица жиндирго «Тарихалда» рехсон буго ункъго вилаят: 1) Алан, 2) Бас лас, 3) Гаптаг и 4) Хун. «Дербент-наме» рехсолеб буго Исфандиярицаги и Нушираваницаги гьеб улка бикьун букІанин ункъго рахъалде: 1) Гулбах, 2) Туман-шагьасул ракь, 3) Кайтаг 4) МугІрузул Гъумекиб. Гьеб рикьи данде ккола Аваристанги Гъазигъумекибги гьорлъе кколеб букІараб Хун ракьалъе. Дионисий Периегетица — II-леб гІасруялъул греказул гІалимчияс — хъвалеб «уннал» (хуннал) гІумру гьабун ругин Каспиялдаса бакътІерхьун рахъалдехун, скифаздаса бакъдасеб ва капияздазагун албанадаса хьудндасеб рахъалда.

VI гІасруялда гуннал (аварал?), цоги къавмазул тІадецуй цІикІкІиндал, Дагъистаналъул мугІрузде гочине ккун руго, ва гьенир мугІрузда рукІарал халкъазда цадахъ гьез гІуцІун буго Тавйяк абулеб пачалихъ (Сарир хІисабалда цІар рагІараб). МугІрузда гьезул чІей бугеб бакІлъун лъугьун буго Хунзах и Гумик.

МухІамад Рафил тарихияб хроникаялда Саратан I нуцаласул умумузул халатаб сияхІалда рехсон вуго Ар_скан (ГІарацхан). Гьенибго буо: Аваралъул султІанзаби, жалги урус султІанзабазул тухумалъул... гьев ханасе магъало кьолаан гьесда рарал ханзабаз. ракьаз ва гІадамаз тІолго Дагъистналъул, (гьединго) Черкас вилайяталдаса бахъараб Шамах шагьаралде щун . Саратан XIII гІасруялъул кІиабилеб бащалъиялда вукІун ватани, ГІарацханил ханлъиялъул заман ккола VII гІасруялде, ГІарабал рачІараб заманалде.

Гьеб Дербендалда аскІоб 1032 соналъ аваразги гІурусазги бусурбабазде данде гьабураб рагъ хутІун буго хундерилда гьоркьоб кІалзул биценлъун XVIII гІасруялде щвезегІан, хадуб гьеб хъвана гІараб мацІалда ва лъугьана Дагъистаналъул тарихалъул бутІалъун. Гьел биценазда буго аваразги гІурусазги гІарабазде данде гьабураб рагъалъул хІакъалъулъ, жибги, биценалда рекъон,  XI–XII гІасрабазда лъугьараб, ва гІарабалги бергьараб: «Дагъистаналда лъараб мехалъ» бусурбабазул аскар бачІунеб букІин, «нагІана батаяб капурзабазул боги ГІурусил аскарги, рохалида къварилъуда цадахъ рукІинин къотІиги хъван, ракІарана шагьаралда аскІоб, жинда ЧІорилан абулеб, Исламалде данде чІей гьабизе ракІалдеги ккун, тІадеги кІанцІизе ва бусурбабазу боязе заралги гьабизе».

XI гІасруялда биххана аваразул Сарир пачалихъ (гьелъул ахирисеб рехсей буго 1067 соналъ), гьелъул бакІалда ТІануси / Хунзахъ тахшагьарги бугеб Авар нуцалъи лъугьана.

Суракъатил I заманалда ханлъи ирасалъе кьеялъул тартиб гІуцІана, ва гьелда рекъон тахида чІезе лъилниги ихтияр букІинчІо Суракъатил наслуялъул васазулги язазулги гурони. Суракъат лъугьана шайх АхІмадил бищун кІудияв тушманлъун. АхІмадида кІвана Суракъат Нуцаллъиялдасе нахъе гъезе. Тарихияб асар «Тарихи Аргъваниялда», XVIII гІасруялда данде гьабураб, рехсон буго Абу Муслим цин кІанцІанин Сариралъул хьундасеб тахшгьар Гелбахъе, гьебги бахъанини гьес, гьенив вукІарав Суракъатил вац Кагьруги чІванин, гьесул чІараб бакІги биххизабунин. Гьеб иццалда рекъон, гьеб кинабгоги ислам тІибитІиги лъугьун буго гьижраялъул 645 соналъ (1247–1248 санал). Гьебго иццалде мугъчІвайги гьабун, А. Р. ШигІадовас Хунзахъ гъазизабаз кверде босараб заман хъвана 1256 сон. «Хунзахъ-наме» абураб иццалда рекъон, Суракъатида кІола тІоцебесеб рагъулъ, жибги Тобот лъарал рагІалда (гьабсагІат ГІараниги Хунзахъги гьоркьоб) ккараб, гъазизаби къезаризе. Амма хадуб Абу-Муслимица гьижраялъул 654 соналъ (1256–1257 санал) цебе букІаралдаса кІиго нухалъ цІикІкІун бугеб аскар данде гьабула. Гьеб заманалде (1255 соналде гІадин), рикІкІунеб буго, Суракъат хола, ва нуцаллъун вукІуна гьесул вас Байар II.  Хадуб, гьебго иццалда рекъон, Хунзахъе жанибе нух рагъула Самилахъ авалалъул гІадамаз, гьелдаса хадуб Аваристаналъул тахшагьар Абу-Муслимица биххизабун, бухІун чІунтизабула, гІадамал яги чІвала, яги кверде росула ва исламалде руссинарула, Байар II лъутула Тушетиялде. Бищун цересел Хунзахъ ратарал гІараб мацІалда куфи хатІалъ хъварал хъвай-хъвагІаби (XII - XIII гІ.) ратралги руго с Самилахъ авалалда. Хунздерил биценазда рекъон, тІоцебе ислам босун буго самилаз, ва тІоцебесеб мажгитги гьезул авалалда, ай Самилахъалда, бан буго. Гьеб хилиплъиялдаса хадуб самилазда абун буго хІамилал абун. «Дагъистаналъул тарихалда» рекъон, Байяр II Тушетиялде лъутун хадуб, Хунзахъ бетІерлъи гьабизе лъугьана ХІамзатил наслуялъул шайх АхІмадил наслуялъул Майсумбек. Абумусли лъугьагьана Аваристаналъул имамлъунги, рузманалъул цевехъанлъунги, къадилъунги (хІакимлъунги).

Кавказалъул рагъул байбихьуда Нуцаллъиялъ гьабулеб сиясат букІана рагъулъ гІахьаллъунгутІиялде буссараб, гьединлъидал Хунзахъ тахшагьар Гъази-МухІамадие къуркьичІо, гьесие ГІурус пачалихъалде данде гьабулеб рагъуе кумек гьабичІо. Цо-цояз ва хасго диниял жигарчагІаз рикІкІуна Нуцаллъи букІанин ГІурус пачалихъалда цадахъ диналде ва шаригІат лъеялде данде чІун, ва гьеб тІубачІеб, цо рахъалъул гурони хал-шал гьабичІеб тезисги аслуялъе босун, Аваристаналъул пачалихъалъул нуцалзабазе кьола мекъаб къимат. ХІакъикъаталдаги, гьеб суалалъул щибаб рахъалъ хал гьабуни, бичІчІула, щиб сиясат букІарабали Нуцаллъиялъул.

КІудияв ГІумахан хун хадуб ва Аваристаналъул букІараб гуч загІиплъидал, Аваристаналъ бабихьула жиб пачалихъалъул эркенлъи ва чияда бачІолъи цІуниялъул сиясат бачине. Гъази-МухІамадил рахъги ккун, ГІурус пачалихъалде данде рагъ гьабизе кІолареблъи бичІчІулей Баху-бикаца хІаракат бахъулеб букІана нейтралитет цІунизе. Амма Гъази-МухІамад, 8000 чи вугев аскаралъул бетІерлъуда, 1830 соналъул февралалда вахъана Аваристаналде данде. Хунзахъ шагьаралда аскІове щведал, гьес гІолохъанго вугев Абу-СултІан ханасда (жеги жиндирго эбела Баху-бикал регентлъиялда гъоркь вугев) цере лъола шартІал: Кавказалъул администрациягун кинабниги хурхен хвезабизе ва рагъда рахъине. Хунзахъ тахшагьаралъ ГІази-МухІамадил шартІал нахъчІвала.

Росги хун хутІарай Баху-бикаца васасул регент хІисабалда Аваристаналъе лъикІаб нухмалъи гьабулеб букІуна. Халкъалъе гьелъул хІурмат гьабулаан, гьей йикІуна гІакъилой ва бахІарчияй гІадан. Пачалихъалъул ишазда гьей йикІуна къвакІарай. 

Гъази-МухІамадица тІалаб гьабула гьелдаса шаригІат къабул гьаби ва ГІурус пачалихъалде данде рагъ лъазаби. Гьесул шартІал тІурани Нуцаллъиялда ГІурус пачалихъалъ рагъ лъазабулелъи ва ГІурус империялде данде чІезе къуват гІолареблъи бичІчІулей Баху-бикаца гьеб захІматаб хІалалда тІаса бищула Нуцаллъялъе гьединаб заманалда данде кколеб нух: гьелъ Хунзахъе тІаде кІанцІарав Гъази-МухІамадиде данде чІей гьабула.

КІиго бутІаялдеги бикьун, тІоцебесб живго Гъази-МухІамадица, кІиабилеб — Шамилица бачун, муридзабазул аскаралъ бабихьула Хунзахъ шагьар кверде боси. Бабихьула рагъ. Гъази-МухІамадил бо дагьаб букІаниги, гьез Нуцалзабазул аскар нахъе къазабула. Ханзабазул кІалгІа кверде муридзабаз кверде босун бахъун букІуна, амма гьеб лахІзаталда жийго Баху-бикаца бачуна аскараб цебе: яхун кІалгІадул тІохдегун, бахъун тІаса кІазгун, гьелъ ахІи бала хунздериде. Гьелдалъун гъира барал рагъухъабаз Гъази-МухІамадил аскаралда щвезабула вахІшияб кьаби. ГІази-МухІамад къола, ва гьев, Хунзахъ тахшагьар кверде босизе кІвечІого, блокадаги бахъун нахъ уна.

Хунзахъ къун хадув, Гъази-МухІамадица хадусел рагъал байбихьула лъарагІлъиялда. Гьесул мурид ХІамзат-бекица рагъ байюихьула ЦІоралъул жамагІатгун, амма ХІамзат-бег гІурусаз асир гьавула ва Тифлисалде витІула, амма гьенив гьес гІемераб мех баларо: генерал-майор Шахмарданил Асланил (Гъазигъумекдерил хан, гІурусазе мутІигІав) гьариялда, ХІамзат-бек эркен гьавула, ва гьелдаса хадув къокъуна Шахмарданил Асланихъе. Гъумекиб гьезда гьоркьоб хабар ккола Аваристаналъул хІакъалъулъ ва гьеб хабаралъул ккола кІудиял хІасилал.

Шахмарданил Асланица, СултІан-АхІмад хан хун дадуб, гьарула ггьесул яс СултІанат жиндирго вас МухІамад-Мирзае, ва гьелъие разилъи щола СултІанатил эбел Баху-бикахъан. Гьелдаса хадуб СултІанат гьаризе вачІуна Таркиялъул шамхал Абу-Муслим хан, ва Баху-бикаца рагІи хисизабула ва яс кьола шамхалие, жинда бокьараб мехалъ кумек гьабизе кІолев ва гьелъие хІадурав. Шахмарданил Асланица гьелдаса байбихьула хІила-макру ургъизе Аваристаналъул ханзабазул хъизаналде данде, ва гьесда рецІел босизе чиги ватула.

Живго рикІкІинчІого тарай Баху-бикадаса ва гьелъул хъизаналдаса рецІел босизе къварегІарав Асланихъе щола ХІамзат-бек.




#Article 181: Дуче (141 words)


Ду́че (, ), латин мацІалъул  («цевехъан») рагІудасан бачІараб — Миллияб фашистияб партиялъул бетІер Бенито Муссолинил букІараб титул. Титул гІуцІана 1925 соналъ; Муссолиние гьеб щвана, жиндаго хадуб Италиялъул хІакимзабазул шураялъул бетІерасул хъулухъги букІаго. Гьелдалъун гьесие рес щвана Италиялъул пачалихъалъул хІакъикъияв бетІерлъун вукІине, Виктор Эммануил III ханлъун вукІаниги. Хадуб титулалде тІаде жубана «Империялъе кьучІ лъурав» абун, жибги  КІиабилеб Италиялъулги Эфиопиялъулги рагъулъ Италияги бергьинеги гьабун, гьелъул колониалияб пачалихъ Муссолиница бахъинабиялъе гІоло. Дуче титул хвезабуна 1943 соналъ, ханасул амруялдалъун Муссолини гьелдаса махІрум гьавун хадуб. Гьелъул бакІалда премьер-министрасул титул букІадахъин гьабуна, ва гьебги щвана Пьетро Бадольохъе

Гьанже заманалда Италиялъул сиясатчагІаз ва жигарчагІаз «Дуче» рагІул бакІалда хІалтІизабула «цевехъан» хІисабалда цогидал гьебго магІнаялъул рагІаби.

Муссолинида ракІалда букІана КІудияб фашистияб шураялъ гьесул ирсилавлъун вищщилин лъабго гьес рихьизарурал чагІазда гьоркьоса, ва вищарасул цІар ханасухъе тІасдикъ гьабизе битІилилан. 1940 соналдаса Муссолиница жиндирго бакІалде хІадурулев вукІун ватизе рес буго жиндирго дурц Галеаццо Чиано




#Article 182: Бахтика, МухІамад-нуцалил яс (854 words)


Бахтика, падар. Bikə ağa (гІага-шагарго 1762 с., Хунзахъ, Авар нуцаллъи — ?) йикІана IV МухІамад-нуцалил  яс, жиндирго вац КІудияв ГІумаханица гъарабагъазул Ибрагьим-ханасе чІужулъун кьурай. Гьей ккола «Бахтикал кечІ» абураб машгьураб магІуялъул автор.

Бахтикал гьаюраб ва росасе араб къо-моцI мухIканго лъалеб гьечIо, гIага-шагарго чIезабун гурони. Гьелъул вац КIудияв ГIумахан гьелдаса ригьалъ кIудияв вукIана ва гьев гьавуна 1761-абилеб соналъ. 1767-абилеб соналъ МухIамад-нуцалил лъади, Бахтикал эбел Баху хвана. Бахтикаца жиндирго кIудияв вас гьавуна 1785 абилеб соналъ. Гьевги гьавуна жеги Бахтикал гIумруялъул 20 сонцин букIинчIеб мехалдда. Биценазда рекъон, Баху хун йиго Бахтика гьаюлаго, яги гьей гьаюн хадуй унтун. Гьелда рекъон Бахтика гьаюн йиго 1767 соналъ.

Гиничукьа ХIайдарбегица хъвалеб буго: «Бахуца МухIмаднуцалие гьаруна ункъго лъимал – цо васги, ункъго ясги. Цо ясалда цIар букIана ХъистIаман. Хадуй гьей росасе кьуна Жунгуталдаса ХIасанханил вас ГIалисултIанханасе. ХъистIаманица ГIалисултIанханасе гьавуна кIиго вас: ХIасанхан ва СултIанахIмадхан. МухIмаднуцалил кIиабилей ясалда цIар букIана Аймесей. Гьей кьун йикIана Гъазигъумекиса Шахмарданил вас МухIамадхание. Гьесие Аймесейица Арсланхан.

Лъабабилей ясалда цIар букIана Бахтика. 1784 соналъ, 17 сонил ригьалда кьун йиго Гъабагъалъул хан Ибрагьимханасе (1726-1806). КIикъогогIан соналъ кIудияв вукIун вуго гьев Бахткадаса. Гьеб цIех-рехалъ мекъиияблъун гьабулеб буго Б.Карапетянил «Бахтика 14 сонил ригьалда кьуна Ибрагьимханасе» абураб хъвай-хъвагIай. 

Бахтика Ибрагьим-ханасе кьеялда разилъуларого йикIун йиго. ГIуммаханил вазир ГIалискандида кьунилан гIайиб гьабун буго. Живго Ибрагьим-ханги гьев чIарав бакI — Шушаги какун руго. Жиндирго хварал-чIваралги рехсон, гIайибал чIван жийго кьунилан.

П.Г. Бутковас хъвалеб буго, 1786 соналъул апрелалъул ахиралда КІудияв ГІумаханас ячанин Ибрагьим-ханасул чІужу, хадуб Дербендалъул ФатагІали ханас шушаханасул яс ячине.ГIумаханица Ибрагьимханасул яц ячун йикIинчIо, гьелъул гIаксалда дос ячана ГIумаханил яц Бахтика, гьеб жо къосун гъалатI гьабуна Бутковас. Амма Бахтикал кIудияв вас Ханлар 1785-абилеб соналъ гьавунин абураб хIужа битIараб батани гьаб пикруги мекъаблъун кколеб буго. Гьенив автор мекъи ккеялъе гIиллалъун ккун батизе рес буго ГIумаханил батIияб ригьин. Гьебго 1785-абилеб соналъ гьес асир гьаруна гуржиязул гиназ Евгена Абашатдзел ясал, гьездаса цояй Дарижа (Дареджан) ГIумаханица жиндиего чIужулъун ячана. Гьеб ишги ккана Гъарабагъалда, гьеб ригьин къосун батизе рес буго Бутковас, Ибрагьимханасул яц ячанин. Бертин букIун буго маялъул ахиралда, яги июналъул тIоцересел къояз. Хунзахъе цIияй бахIарайгун ГIумахан вуссуна 1786-абилеб соналъул 27-абилеб июналда. Бахтикал Ибрагьимханасулгун букIараб ригьнадаса гьавула кIиго вас — Ханлар ва АхIмадхан, яс Султанат. 1805-абилеб соналъул хъвай-хъвагIаязулъ Ханларил букIана 20 сон, АхIмадханил — 10 сон.

Гьенир ругеб заманалда жаниб Бахтикал яс Султанатида ва васал АхIмадханида ва Ханларида лъала авар мацIги. Гьениб гIумру гьабуна гьез 1791 соналдаса 1797 абилеб соналде щвезегIан. Гьенир ругел гIалимзабазда цере цIалун лъималазе щола авар ва гIараб мацIалъул лъайги. ТIад юссун Шушаялде Бахтикагун лъимал уна АгъамухIамдханги чIван гьениб парахатаб гIумру лъугьарабго. 1797 абилеб соналъ хаслихъе аваразул аскаралъул ва чанго нусго жиндир рекIаразул кумекалдалъун тIад буссинабула Ибрагьимханас жиндирго Гъарабагъалда букIараб ханлъи.

ГIумаханида жиндирго яц Бахтика ахирисеб нухалда йихьула 1800 абилеб соналъ Иори гIурухъ рагъ ккун хадуб. 2000 гIан чи вугеб аскар гьес хасел тIамизе ритIула Шушаялде гьениб гьезие рукIа-рахъиналъе кванил шартIал чIезарула Ибрагьимханас. 1801 абилеб соналъул 22 марталда ГIумахан нуцал хун хадуб Гъарабагъалда ахIвал-хIал квешлъула ва лъабго соналдаса Ибрагьимханас гьеб кквезе кIвеларин гIурсазда гьарула жидерго къайимлъиялда гъоркье босе Гъарабагъ ва живгоян.

Гьебго заманалда Ибрагьимханасул васасе щола гIурусазул полковникасул чин, Гъарабагъалъул ханасул вас хIисабалда. Амма гьесдехун ГIумахан-нуцаласул чагIазул ва гIагарлъиялъул букIана рокьукъаб бербалагьи. 1806 абилеб соналъул июналда Шушаялъул риидалил хIухь бахъулеб рокъов мацIал гьариялъул хIасилалда Д.Т.Лисаневичасул егераз хучдуца чIвала Ибрагьимхан. Гьесдаго цадахъ чIвала хъизаналъул чагIиги. Инсуда цадахъ чIвала гьесулгун Бахтикал яс Султанатги, гьеб букIана Бахтикаде бачIараб кIудияб балагь. Гьеб заманалда эменгун вукIарав Ханлар лъутун ворчIула ва уна Персиялде. Амма 1807-абилеб соналъул 16-абилеб апрелалда Гъарабагъалдеги вуссун гIурус пачаясе ритIухълъиялъул гьа бала.

Гьеб заманалда Бахтикал ахIвал-хIалалъ рахIат хвезабурав аваразул нуцал СултIанахIмадханас бухьен гьабула Кавкзалда кIудиявлъун гIурусаз тарав И.В.Гудовичасгун, Бахтика ватIаналде тIад юссинайизе рес кьеян. «Бокьун букIана ункъачо ва лъимал жиндихъего рачине».

Бахтикал ва гьелъул лъималазул кверщаликь рукIана 20 росуги 948 хъизанги (578 рукъалъ гьезие магъало кьолаан, 370 кьолароан). Гьездаса 869 хъизан букIана бусурбаби, 79 — эрмениял.Гьенир ругел гIурусазул ритIунчагIаз кидаго провокациял гьарулаан, ханасул бечелъиялдаса жидеего жо тIезабизеян. Гьединал гьужумал рукIана Ханларидеги. 1827 абилеб соналда гьесул кверщаликьа бахъана 23 хъизан Шушаялда. 1822-абилеб соналъ Ермоловас хIалбихьана гьев Россиялъул хиянатчилъун вихьизавизе ва магIишат бахъизе.

Ханлар хвана цо-цо баяназда рекъон 1831-абилеб соналъ, цогидазда — 1833-абилеб соналъ. 1837 абилеб соналда Ханларида цере рукIарал эрмениязул 14 хъизаналъ хъулухъ гьабулеб букIана гьесул гьитIинав вац АхIмадхание.

АхIмадхан гьавуна 1793 яги 95-абилеб соналъ, гьес ячана Шамшадилазул Юсупханил яс Гюриджагьан, 1820-абилеб соналъ гьаюрай. Гьезул йикIана гIицIго цохIо яс, Бахтика (Бике-ага) абураб цIар бугей. Гьей ана генерал ХIасанбек Агъаларовасе росасе. Гьезулги вукIана цохIо вас — Давудхан Агъаларов-Джеваншир. 

Жийго Бахтика хвараб заман мухIканго лъалеб гьечIо

Бахтикал хIакъалъулъ магIарулазухъе щварал хIужаби руго халкъияблъун лъугьараб, гьелъ жинцаго гьабурабин абулеб «Бахтика» кочIолъ ругел баянал. Адабияталъул махщелчагIазул къиматалдалъун гьеб асар рагIула аваразул кIалзул гьунаразулъ бищунго тIадегIанаб даражаялъул асарздаса цояблъун. Гьелдаго цадахъ загьирлъулел руго Бахтика хIалбихьи бугей политик йикIиналъул рахъалги, гьелъул гIумруялдаса цо-цо хIужабиги.

Жийго Шушуханасе кьеялъе рази йикІинчІей Бахтикаца гIайибияллъун рехсолел руго вац ГIумахан ва гьесул вазир ГьоцIалъа ГIалисканди (ХIамзат имамасул эмен. Гьединго какулеб буго Бахтикаца жийго унеб Шушаги ва жиндирго росги. КочIолъ Бахтикаца магIу тIолеб буго эменги, имгIал МухIамадмирзаги гьесул вас Булачги чIаго рукIаралани жий Шушаялде йиччалароанин. Дое кьоелей йикІин бачIараб рокьукъаб хабарги, росулъ ханазабазул ссиги бихьизабулеб кочIолъ байбихьудаго руго :«Меседил гьаркьица гъалал халаго, хабар бачIанила Шушаялдаса» - абурал мухъал. Авар халкъалъе халкъияблъун лъугьараб Бахтикал кочІол буго чанго батІияб батияб къагІида , аслияблъун буго хадусеб кечІ




#Article 183: Химия (204 words)


Хи́мия (, жибги египетлъул мацІалъул km.t (чІегІераб) абураб рагІудасан лъугьараб, гьенисанго бачІараб буго некІсияб Египталъулги цІарги; цогидал бегьулел къагІидаби:  — «токІкІел», «эссенция», «лъамалъи», «тІагІам»,  — «маххул жубай», «биун тІей», «чвахи»,  — «жубай») буго бащун кІвар бугел ва гІатІидаллъун кколел тІабигІатлъаялъул бутІабазул цояблъун кколеб, веществабазул, гьезул гІуцІиялъул ва сокІкІиналъул, гьезул тІабигІаталъул ва хасияталъул, жалги гуцІиялда ва сокІкІиналда рарал, гьезул гуцІи хисизабулеб буссиналъул, ай химиялъулал реакциязул, ва гьединго гьел свериял мутІигІлъулел къануназул ва къануназда рекъон ккейязул гІелму. Киналго веществаби гІуцІарал ругелъул атомаздаса, жидеда химиялъулал рухьеназул кумекалдалъул молекулабилъун лъугьине кІолел, Химиялъ тІоцебесеб иргаялда  тІадехун рехсарал масъалабазул хал-шал гьабула атомиябгун молекулярияб даражаялда, ай химиялъулал элементазул ва гьезул дандраязул даражаялда. Химиялъул кІудяб бухьен буго физикагун ва биологиягун, хІакъикъаталдаги гьезда гьоркьоб бугеб гІурхъиги буго шартІияб, гьезда гьоркьор ругел бакІал лъазарула квант химииялъ, химиялъулаб физикаялъ, физикияб химиялъ, геохимиялъ, биохимиялъ ва цогидал гІелмабаз.

Химикияб элементалъул, жиндир киналго хасиятал гъорлъги бугеб, бищун гьитІинаб зарралъун ккола атом. Атом гІуцІун букІуна ракІалдасан ва гьелда сверун ругел электроназул «накІкІаздасан». РакІ гуцІун букІуна палажительнияб заряд бугеб пратоназдасаги нейтралиял нейтроназдасаги. Цоцаца ккун, атомазда кІола молекулаби гьаризе.

Атом ккола бокьараб веществоялъул химиялъулаб бикьиялъул гІурхъилъун. ГІадатияб вещество (гьеб, масала, гелий гІадин, цо атомалъулаб гьечІони) бикьула цо тайпаялъул атомазде, жубараб вещество — батІи-батІиял тайпабазул атомазде. 

Атомал (ай, атомалъул ракІал) химиялъулаб къагІидаялъ рикьуларо.




#Article 184: НекIсияб Египет (991 words)


НекІсияб Еги́пет ( и  рагІудасан), жиндирго букІараб цІар Та-кемет, Та-мери, Та-уи ва ц. (транслит. егип. tA-kmt, tA-mrj, tA-wy), Ке́ми, ккола даража тІадегІанаб на цІакъ кІудияб кІвар бугеб НекІсияб дуниялалъул цивилизациялъун, жибги Нил гІоралъул рагІалда, гьанжесеб Египеталъул пачалихъ бугеб бакІалда букІараб. НекІсияб Египеталъул цивилизация бачІуна тарихалда цебесеб Египеталдаги ва гІ. ш. 3100 с. н. щ. Египет Менесица (гІемерисев гьевги Нармерги цого чагІи ругин рикІкІуна) цолъилъазибиялдаги (Египеталъул аслияб заманлъаялда рекъон) хадуб.

НекІсияб Египеталъул тарихалъул буго 40 гІасру, гьеб тарих гІалимзабаз бикьула неслабазда цебесеб заманалдеги (ккола Тарихалда цебесеб заманалъул ахиралде), наслабазулаб заманалдеги (аслияб Египеталъул цивилизациялъул заман, 27 гІасруялъул халалъи бугеб), эллиназулаб заманалдеги (грекгун македониялъулгун жубай, Птолемеязул наслуялъул бетІерлъуда гъоркь), румалъулаб заман (НекІсияб Румалда гъорлъ, Румалъул империялъул цІакъ кІвар бугеб икълим хІисабалда). НекІсияб Египет букІараб заманалъул гІорхъабаз, гІалимзабаз тасдикъ гьабураб, жаниб бачуна VI аз.соналдаса н. щ. IV гІасруялде щвезегІан. Византиялъулабгун-копт заман (Византиялда гъорлъ, IV гІасруялдаса гІарабаз Египет кверде босараб VII гІасруялде щвезеІан) цебесеб гьоркьохъел гІасрабазде кколеб букІаниги, рикІкІуна НекІсияб Египеталъул букІараб заманалъул гІурхъабазда жаниб. НекІсияб Египеталъул цивилизация заманалъул рахъалъ ккола бищун кІудияблъун.

ЦІияб ханлъиялъул заманалда, Египет лъугьана кутакалда къуватаб империялъун, жиндир Нубиялдаса бахъараб Киликиялде щун, ГІагараб Машрикъалъул цІикІараб бутІаялда кверщел бугеб; гьелъие мутІигІал дунялалда ругел ругел гІадамазул 20 %. 

Жиндир заманалда Египет гьединго букІана цогидар пачалихъазда гъорлъги: кверщел гьабун букІана ливиялъул ва нубиялъул гІадамаз, персаз,  Александа Македонияс. Гьев хун хадуб гІуцІана Птолемеязул ханлъи, жибги н. щ. 30 соналде щвезегІан букІараб. Н. щ. 30 соналъ, Египет ана Румалде гъорлъе ва лъугьана гьелъул икълимлъун.

НекІсияб Египеталъул цивилизация тІадегІанлъи букІана гьелъул гІурул жаниблъиялдеги Нилалъул дельтаялдеги ругьунлъиялъул хІасилалдалъун. Щибаб лъагІалил Нилалъул щвеялъги, жинца беэн гьабулеб гьарзаго жинда жо бижулеб хІариялдалъун Нилалъу рагІалда ругел ракьал, гьединго ракь хІалтІизаялъул мухІкканго гІуцІараб лъалъаялъул системаялъги рес кьолаан къваригІунелдаса цикІкІун могьол культураби гІезабизе, жидеца жамгІияб ва маданияталъулаб цебетІей чІезабулеб букІараб.

Египеталъул администрациялъ кІвар кьолаан Нилалъул жаниблъиялда ва гьелда аскІор ругел салул авлахъаздаги батІи-батІиял магІданал ва мнералал рахъиялде, гьединго жидерго, чияда бачІеб, хъвай-хъвагІиялъул система цебе тІеялъе, жамгІияб къагІидаялъ батІи-батІил жал раялъе ва хурул магІишаталъул проектазе,мадугьалихъ ругел ракьалгун даран-базаралул хурхеназе ва рагъул гІуцІиялъе, жибги Египеталъул цогидал ракьазда кверщел лъеялде буссараб. Гьеб хІалтІул гъира базабулеблъул ва гІуцІулеблъул рукІана хъвай-хъвагІи бацунел чагІазул бюрократияб аппарат, диниял хІаракатчагІи ва кагьинал, ва ПиргІавнил администрация, жидеца магІна гІадидго гІуцІараб диналъул ситстемалъул контексталда Египеталъул халкъалъул цахъ хІалтІи во цолъи чІезабулел рукІарал.

Египтяназ гьабуна цивилизация, жиб цогиязда релъараб гьечІеб, жибго жиндаго чІараб, ва жиндир аслияб хасият хиси гьечІолъи бугеб. Египтяназул жал гІемерал ругел бергьенлъабазде гъорлъе уна батІи-батІиял магІданал ва минералал рахъи, геодезия ва конструкторияб техника, жидеца кутакал пирамидаби, кІалгІаби, ва обелискал гьариялъе квер бакъулел рукІарал; математикаялъул система, хІалбихьи бугеб ва цебе тІураб медицина, лъалъалъул система ва хурул магІишаталъул технология, тІоцебе хъорщол гьабураб гама, фаянс ва цІвер гьабиялъул техника, адабияталъул цІиял формаби; сиясат ва дунялалда тІоцебесеблъун рикІкІунеб ракълил къотІи. НекІсияб Египеталъ нахъе тана бечедаб ва щулияб ирс. Гьелъул искусство ва архетектура гІемер такрар гьабуна, гьелъул хазинаби руго дунялалъул батІи-батІиял бакІазда. Гьелъул монументазул хутІелаз гІасрабаз асар гьабуна сапарчагІазе ва хъвадарухъабазе. ЦІияб заманалъул байбихьуда Египтяназул ва европаялъул гІадмазул Египеталъул ирсалде бижараб интересалъги, гьелде бугеб хІурматалъги, гьединго гьарурал археологиял рухъа-хъваязги сабаблъул Египеталъул цивилизациялъул гІелмияб цІех-рех гьабуна ва кІудияб къимат кьуна гьелъул маданияб ирсалъе. 

Европаялъул халкъазул мацІазде «Египет» абураб цІар бачІана некІсиял греказдасан; грек мацІалда абулеб рагІи букІана «Эгиптос» (). Гьеб топонималъул бачІараб бакІ тІубан лъалеб гьечІо, буго цо чанго теория:

Лъугьиналъухъ балагьичІого, Египет абураб цІар тІибитІи хурхараб буго Ракьдагьоркьосеб ралъадалъул регионалъул эллинизациялда, жиб сабаблъул греказул маданият гуребги, гьезул географиял топонималги тІиритІарал. Хадуб гьеб цІар щвана румазухъе —  (классикияб абулеб къагІида — Айгиптос), ва латин мацІалдаса Египет абураб цІар бачІана тІолгоевропаялъулаб гІадаталде.

Наслабазул заманалъул сипат гьабулаго «Египет» абура топоним хІалтІизаби буго шартІияб, щайгурелъул гьеб топоним тарихчагІаз тасдикъ гьабуна хадуб, некІсиял греказ Нилалъул рагІаллъиялда бугеб регионалде ва маданияталде абулеб букІараб цІаралдаса. Жалго некІсиял египтяназ жидерго пачалихъалде абулеб букІана чанго аллегорияб цІар, жиндица ракьалъул гьарзалъи ва бечелъи бихьизабулеб — Та-кемет, «ЧІегІараб ракь» (ай Нилалъул рагІалда бугеб бечедаб чІегІер-ракьалдаса, сверухъ ругел салул авлахъазул «багІараб» ракьалде данде ккун) ялъуни Та-мери, ай «Бокьулеб ракь». Цогидал цІарал — Та-уи, ай «КІиго ракь», жиндица, батизе бегьулеб жо, Египеталъул кІиго бутІа — Расалъи ва Дельта цолъизаби бихьизабулеб. Египеталъул текстазда гьединго ратизе бегьула жидерго улкаялде абулел рукІарал шигІруял цІар— «Сикоморалъул ракь», «Хорил берзул ракь» ва цогидал.

Египтяназулгун хурхен гьабулел халкъаз жидерго цІар кьолаан Нилалъул рагІалда бугеб пачалихъалъе:

НекІсияб Египеталъул цивилизация бижана Нил гІоралъул рагІалда, ва гьелъул тІегьай гІемерго хухараб букІана Нилалъул щвеялда (июналдаса ноябралде щвезегІан), жинца ракь хІалтІизабизе рес кьолеб букІараб. ТІоцебесеб хІокІалъул мухъалда бугеб къварилъиги тун хадуб (НекІсияб Египеталъул жанубияб гІурхъи) чвахула шималияб-бакъбаккул СахІараялъул гІатІилъиялда лъеца чурун льугьараб чІедераб ва халатаб расалъиялдасан. Расалъиялъул гІеблъи буго 10–20 км, амма бакІ-бакІазда гьеб чІедерлъула гІоралъул гІеблъиялде щвезегІан, бакътІерхьудехун расалъи ккун буго  Либиялъул салул авлахъалъ, бакъбаккуда — ГІарабияб салул авлахъалъ. Расалъи сверун ругел хъитІал руго гІизагІанго кІудиял, 180 метраялде щолел, гІага-шагарго 900 км-ялдаса расалъи сверун ругел хъитІал уна рахъ-рахъалде — бакътІерхьуде, Киренаикаялда бугеб Барка тІалъиялде ва бакъбаккудео — БагІараб ралъдал рахъалдехун. Хадуб гІор гьурихьвагІалда релъун биххула гІаркьалабазде ва гІага-шагарго 200 км-ялдаса гьел чвахула Ракьдагьоркьосеб ралъдалъе (Египеталъул шималияб гІурхъи), гьениб лъугьуна лъабокІонаб дельта. ГІоралъул гІаммаб гьетІи цІакъго кІудияб гьечІо — тІадегІан 91 м (Асваналда), дельтаялда бищун борхатаб бакІалъул ралъдал гьумералдаса борхалъи — 12 м..

Жибго НекІсияб Египеталъ жаниб бачунаан Нилалъул Дельта — тарихияб икълим Гьоркьияб Египет («Дельта») ва расалъи 1-сел хІокІазде щвезегІан — ТІасияб Египет («Расалъи»), ва гьединго Фаюмалъул оазисалъул мухъги. Гьанжесеб гьел ракьазул локализация данде ккола Египеталъул ГІараб Жумгьурияталъул Нилалда сверун ругел мухІафазаталгун.

Египеталъе бетІерлъи гьабулаан ПиргІавнас. Гьев кколаан абсолютияв монарх, жиндихъ кинабниги ракьалда ва сурсатазда тІад кверщел бугев. Гьев кколаан бищун тІадегІанав рагъул цевехъан ва нухмалъи гьабулеб идараялъул бетІер, жинца бюрократиялъун ва хІакимлъиялъун мулк билъинабулев вукІарав. Администрациялъул жавабиявлъун вукІана пачалихъалъул вазир, жинца пиргІавнил вакиласул хІисабалда вилаятазул ишаздаги, пачалихъалъул буголъиялдаги, батІи-батІиял архетектуриял проектаздаги, къануназул системаялдаги ва архиваздаги хадуб хал кколев. Вилаятазул даражаялда, пачалихъ бикьун букІана 42, жидеда септал-ян абулеб букІараб, гьанжесеб къагІидаялда номал; ва жидер щибалъе нухмалъи гьабулев номархги вугев. Номархал рукІана вазирасда цере жавабияллъун ва гьесул юрисдикциялда гьоркье кколеллъун. КІудияб кІвар букІана кІалгІабазул; гьел рукІана диниял рукъзал гурелги ханасул бечелъи цІуниялъул жавабияллъунги, тІорщалил нахърателал цІунулел системабилъунги, буголъи цІунулеб бакІлъунги ва гьединго жидеца тІорщел ва цогидаб магІишат бикьулеб бакІлъунги.

гІурус мацІалда:

ингилис мацІалда:




#Article 185: Фашизм (115 words)


Фаши́зм (,   — цолъи, квацІи, бухьен — абураб рагІудаса) ккола сиясаталъулал хьвадиязул ва диктаторияб тайпаялъул хІукуматалъул низам тибитІизабулел идеалогиязул гІаммаб цІар.. Гьезул сипаталлъун ккола рагъулаб национализм (гІадидаб бичІчІиялда), либерализмалде данде чІей, ксенофобию, реваншизм и шовинизм, цевехъанлъи, бищараб демократиялдеги либерализмалдеги бер-ракІ щунгутІи, элитаялъул кверщеллъиялда ва тІабигІияб социалияб иерархиялда божи, этатизм ва, цо-цоялда, синдикализм, расизм геноцидалъул сиясат.

Фашистиял пачалихъазе хасиятаб буго пачалихъалъул экономикаялдаги идеалоиялдаги нухда ккезабулеб ишалъул къуват кІодолъи: пачалихъалъул корпоративизация, тІолголъи цІикІкІарал гІуцІалаби ва жамгІиял цолъалаби гьариялдалъун гІуцІулеб, батІияб пикру тІагІинарулел зулмуял къагІидаби, экономикалъулаб ва сиясатаб либерализмалъул принципал рикІкІунутІи.

Вольфганга Випперманида рекъон, аслиял фашист идеалогиялъул гІаламатл ккола:

И. В. Мазуровасул пикруялда, пачалихъияб бетІерлъи бачин хІисабалда, фашизм буго авторитаризм гуреб, тоталитаризм буго, жидеда гборкьоб кІудияб батІалъи бугеб.




#Article 186: Пен-Абу (150 words)


Пен-Абу, Пил (егип. транслит. pn-Abw, «Гьав Пил») —  наслабазда цебесеб Египеталъул, конфедерация-илан абулеб, жиндир тахшагьарги Чени кколеб букІараб,  (н.-грек. Тинис) ялъуни Абджу (н.-егип. Абидос) пиргІавн.

БетІерлъи гьабулев вукІана гІага-шагарго 3300—3200 саназда н. щ., Негада маданияталъул  — IIIa1 и IIIa2 фазабазде данде кколеб. Гьеб заманалъул пиргІавнал гьанжесел гІалимзабаз рачуна шартІияб 00 наслуялде гъорлъе.

Пен-Абун вукІараблъи чІезабула гьесул цІаралъул Нубиялда ратарал лъалкІаз: Жебель Шайх-Сулайман (Вади-Хальфаялда аскІоса гІебеде) гІохІалъул графитиязул цоялъ,  ва Кустулаялда() ратаразги; гьединго ТІасияб Египеталда ратаразги: батизе бегьула, гьесул цІар хъван букІин Пилалъул къанида (Ху, гробница B 102). 

Тинисалъул конфедерациялъул 00 наслуялъул бутІрузул цІарал ва бетІерлъи гьабиялъул тартибалъул ахиресеб реконструкцияб гьабуна германазул египтолог Г. Дрейерица (); гьев жиндирго хІисабалда аслияб мугъчІвай гьабуна Мин илагьасул колоссаздаса (Коптос) графиттияздаги U-j гробницаялъул (Умм ал-Кааб) пилалъул ракьаялъул бирказла ругел протоиероглифабаздаги.

Гьанжесеб гІелмуялда лъалеб гьечІо Пен-Абул бетІерлъиялъул хІакъалъулъ щиб букІаниги, египтологазул гьечІо цо ккураб пикру гьесул цІар битІун хъваялда ва, гьанжелъагІан рагьараб буго суал Пен-Абу хІакъикъаталда вукІанадай абураб..




#Article 187: Рамсес ТІадегІанав (1325 words)


Рамсес II ТІадегІанав (;  – июль яги август 1213 н. щ.; ханлъиялъул заман 1279–1213 н. щ.) ккола Египеталъул XIX наслуялъул лъабабилев пиргІавнлъун. I Сетил ва Туйял вас. РикІкІуна НекІсияб Египеталъул бищун тІадегІанал ва гучал пиргІавназул цоявлъун. Гьесул ирсилаз ва хадусел египтяназ гьесда абулаан КІудияв Эменилан ва А-нахту, ай Берьенлъи кколев, абун. Папирусазда ва монументазда гьединго рехсон вуго Сессу абун бугеб халкъияб цІаралдалъуниги. 

Греказул ицазда гьев рехсон вуго Озимандиас абураб цІаралда гъоркь ( Osymandýas), жиб Рамсесил Усирмаатра Сетепенра (Рал хІакъикъат къуватаб, Рал тІасавищарав) абун бугеб тах цІаралдаса лъугьараб.

КІудияв рагъухъан II Рамсесица бетІерлъи гьабуна чанго Леванталде гьабураб рагъул экспедициязе, жидедалъун КанагІаналда Египеталъ цІидасан кверщел гьабураб. Жиндирго бахІарчилъиялдалъун Рамсесица Кадешалъул рагъулъ хвасар гьабуна аскар. Рамсесица ва хеттазул ханас хъвана тарихалда тІоцебесеб раклил къотІи, жиндалъун рагъ лъугІизабураб. Гьединго гьес гьабуна чанго экспедияция Нубиялдеги, жиндие Байт-ал-Валиялда ва Герф-ХІусейналда ругел хъвай-хъвагІабаз нугІлъи гьабулел. 

Рамсесица кьучІ лъуна Дельтаялда Пер-Рамсес шагьаралъе, жиб Египеталъул тахшагьарлъун ва Сириялде гьарурал рагъул кампаниязе базалъун гьабураб. 

II Рамсесица жиндир ханлъиялъул заманалда жаниб тІобитІула 13 яги 14 ХІеб-Сед (тІоцебесеб тІобитІулаан пиргІавница 30 соналъ ханлъи гьабун хадуб, хадусел тІоритІулаан щибаб лъабго лъагІалидасан) — тІокІав цониги пиргІавнас тІоритІичІелгІан гІемерал. Хун хадув, Рамсес II вукъула Ханзабазул расалъиялда гьабураб хоб-рукъалъув (KV7)

Гьесул жаназа батула ханзабазул балъгояб рокъоб 1881 соналъ, жакъа къоялъ гьеб буго Египеталъул музеялда.

Рамсес абулеб цІар буго грек ва латин мацІалдаса бачІараб Ра-меси-су ( абураб египтяназул цІар, жиндир магІнаги «Ра илагьас вижарав» абун бугеб. Рамсес ТІадегІанасесул жиндирго цІар (номен) букІана Рамесису Мериамон абун.

Грек мацІалда Диодор Сицилияс абулеб буго II Рамсесида  Осимандиас абун (), гьеб цІарги бачІун батизе ккола Рамсесит тах цІар Усирмаатра абураб цІаралдаса (ялъуни «Uashmuariya» — семитаз хъвалеб букІараб цІаралдаса). 

Рамсес гьавуна гІага-шагарго н. щ. 1303 соналъ, I Сетил ва Туйял хъизаналда. Рамсесие 5 сон бугеб мехалъ, гьесул кІудияв эмен Рамсес I, цевесев пиргІавн ХІоремхІебица жиндирго ирсилавлъун вищарав, лъугьуна Египеталъул пиргІавнлъун. Гьес ханлъи гьабула 2 соналъ, ва гьесдаса хадув н. щ. 1290 соналъ пиргІавнлъун лъугьуна II Рамсесил эмен Сети I. 

ГІага-шагарго гьебго заманалда, Рамсесил яц росасе кьола Тийя хІакимчиясе, ханасул къаламчи Амунуахил васлъун вукІарав, ва II Рамсесил заманалда гьев лъугьана пиргІавнасул гІакълучилъун ва пачалихъалъул хазиначилъун. Тийял хъизаналъул хоб-рукъ батана Саккараялда ХІоремхІебил букІараб тІоцебесеб хоб-рукъалда аскІоб.

Рамсесие 15 сон бугем мехалъ, инсуца гьев тІамула жиндаго цадахъ ханлъи гьабулевлъун, гьелъие нугІлъи гьабизе бегьула инсуца Рамсесие Мемфисалда бараб кІалгІаялъ. Гьебго заманалъ Рамсесица рачуна Нефертари ва Исетнофрет.

Инсуда цадахъ ханлъи гьабулеб заманалда, Рамсесица къинабула Нубиялда дагьа-макъаб данде рахъин ва гьабула чанго операция ралъдал хъачагъазде данде. Гьединго Рамсесил бетІерлъуда гъоркь байбихьула Египеталъул бакътІерхьул гІурхъаби щула гьаризе ва Ливиялъул къавмазул чабхъенал къотІизаризе. 

Рагъулал ишал гурелги, Рамсесица тІуралел рукІуна официалияв делегатасул ишалги, жинде гъорлъе батІи-батІиял монументал раялдаги гьелъия материалал тІала гьабиги кколе.

Н. щ. 1279 соналъ, Шему моцІалъул 26 къоялъ, Сети I накълулъула, нахъисеб къоялъ, Шему моцІалъул 27 къоялъ (нилъер къагІидаялъ 31 май) Рамсес II лъугьуна Египеталъул пиргІавнлъун, жинцаго ханлъи бачунев, гьесие гІумрудал букІуна 20 сон.

НекІсияб Египеталъул къо-моцІал нилъер календаргун данде кквезе кумек гьабула Рамсесил ханлъиялъул 52 соналъ бихьараб моцІ цІилъиялъ, жиб египтологазул цІех-рехалда рекъон, гьебго Рамсес тахиде вачІараб Шему моцІалъул 27 къоялде кколеб.

ГІага-шагарго 7 августалъ (Ахет моцІалъул 12-б къо) Рамсесица эмен вукъула, гьелде хІадурлъиялъ, египтяназул гІадатазда рекъон, балаан чи хваралдаса 70 къо. Гьелдаса хадуб гьабула Рамсесие коронация ва гьесие кьола тІубараб ханасул титулатура, щуго цІаралдаса гІуцІараб.

Рамсесил ханлъиялъул 2-б соналъ Египеталъул Нубиялда байбихьула кІудияб данде рахъин, в Рамсесица бухьуна гьенибе кІудияб рагъулаб сапар, гьесда цадахъ гьенире вукІуна гьесул кІиявго вас: Амон-хер-хепшеф ва Хаэмуас. 

Ирем абулеб вилаяталда чІвала 7000 чи, данде рахъин къинабула. Гьелъи нугІлъилъун руго Байт-ал-Валиялдаги, Джирфа-ХІусейналдаги ва Калабшаялдаги ругел Рамсесил килисаби ва монументал. Байт-ал-Валиялда бугеб килисаялъул жанубияб къадада Рамсес вахъун вуго колесницаялдаги рекІун нубиязде данде вагъилаго, гьенирго рихьизарун руго гьесул кІиявго васги колесницабазда рекІун. 

II Рамсесил заманалда Египеталъул кверщел бакътІерхьудехун букІуна Ракьдагьоркьосеб ралъдал рагІаллъиялдаса ва гьенире мадугьалихъе кколел ракьазда 300 км-ялъул манзилалда, гъоркьяб къадар, Завият Ум-ал-Рахамалде щун. Гьенил хъули раялъе гІиллалъун рукІарал лъугьа-бахъинал лъалел гьечІо, амма гьеб вилаяталда Египеталъул кверщел букІин битІараблъун ккезе ккола. 

Ливиязде данде II Рамсесица кІудиял рагъул экспедициял гьариялъул рагІа-ракьанде щварал рехсеял гьечІо, руго гІамм гьабун рехсарал хъвай-хъвагІиял, жидеца мугъчІвай гьабизе бегьулел цо хасал лъугьа-бахъиназда. 

Асваналда батараб гІадал стелаязда рукІине бегьула хъвай-хъвагІиял. жеги I Сетил заманалдаго Ливиялде гьарурал рагъул сапаразда релъараб информациягун. Гьелъ, батизе бегьулеб жо буго I Сетида ракІалда букІун бати Ливиялдаги цІуниялъул хъулбузул мухъ гьабизе, жиндир заманалда Хорил нухалда рекъон Синаялда гьабураб гІадаб.

Ханлъиялъул 2-б соналъ, II Рамсесица гъурана Шерданазул ралъдал хъачаъал, жал Египеталъул Ракъдагьоркьосеб ралъадал рагІаллъиялдаса гІебеде, ралъдал нухаздасан Египеталде рачІунел гумузде тІаде кІанцІун, хъачагълъи гьабулел рукІарал. Шерданазул халкъ бачІун батизе бегьула Иониялъул ва  жанубияб-бакътІерхьул Анатолиялдаса, ва гьединго Сардиниялдаса. Рамсесица аскар ва гуми лъуна ралъдал рагІалда бищун стратегияб рахъалъ кІвар бугел бакІазда. Цин, сабуралда чІун,  Рамсесица рес кьуна хъачагъазе хасал гьезие хІадурарал гумузде тІаде кІанцІизе, ва хадуб тохлъукье гьезде тІаде кІанцІун, ккуна гьел киналго цо бакІалда ва гьениб гъурана. Тинисалъул стелаялда бицунеб буго, гьел рачІанин ралъдал рахъалдасан жидерго гумузда ва гьезде данде чІезе кІолев чи вукІинчІо абун. Нилалъул гІурул ахиралда ккараб рагъалдаса хадуб, шерданазу нахъе хутІарал мукІурлъун ратизе руго. Гьеб заманалъул монументазда (Кадешалъул рагъалда хурхараздаги) шерданал рихьизарун руго пиргІавнасул рагъухъабилъун, лълъурдул ругел шлемалгун ва кІудиял хвалчабигун.

Гьеб ралъдал рагъулъ шерданазда цадахъ пиргІавнас гъурула шерданазду цадахъ рукІарал  Лукка (L'kkw, хадур рукІарал ликиял ратизе бегьула) ва Шекъелеш (Šqrsšw) халкъалги.

Египеталдаги Азиялдаги гьоркьоб лъугьараб щулияб рекъел лъугьун хадуб, гьеб регионалда байбихьула кутакалда цебетІезе даран-базар. ГІемерисел шагьарал, масала, Угарит гІадал, гьеб даран-базаралъул хІасалилалда кІодолъула ва экономикаяб рахъалъ церетІола. Египеталдаги Азиялдаги гьоркьор хурхеназеги хиса-басиял ккола. II Рамсесиде щвезегІан египтянал рагъул сапараздаса хадур давлагун нахъруссунел рукІун ратани ватІаналде, Рамсесил заманалдаса байбихьула египтяназ цо-цо Шамалъул ва ПилистІиналъул шагьаразда жидерго чІей бугб бакІал гьаризе.

Жинца ханлъи гьабулеб заман 30 соналде бахиндал, Египеталда билъараб гІадаталда рекъон, Рамсесица тІобитІана тІоцебесеб фестиваль Сед (). 66 сонил ханлъиялъул бащалъи лъугІилалде, Рамсесица батІи-батІиял бергьенлъабазул рахъалъ нахъа тана гІемерисел жинда цере рукІарал пиргІавнал. Гьес чІезабуна рекъел, цІунана Египеталъул гІурхъаби, рана гІемерал ва кІудиял монументал тІолго империялда. Гьес Египет лъугьинабуна тІегьалеб ва кутакалда цебе тІураб пачалихълъун. 

ТІоцебесеб ХІеб-Сед, гІадаталда рекъон, тІобитІулаан пиргІавнас жиндир ханлъиялъул сон 30 бахиндал, ва хадусеб щибаб лъабго лъагІалидасан. Рамсесица жиндир ханлъиялъул заманалда жаниб тІобитІана бокьарав батІияв пиргІавнасдаса цІикІкІун ХІеб-Сед — 13 яги 14.

Рамсесица Египеталда ва нубиялда рана гІемерал монументал ва минаби, гьесул картушал ратизе бегьула гьесде щвелалде рукІарал монументаздаги. Гьесул хІурматалъул хІакъалъул бицуна ганчІида рекІкІун гьарурал хъвай-хъвагІабаз, статуяз, кІалгІабаз ва магІбадаз — тІоцере Уасеталдаса бакътІерхьудехун бугеб Рамессеумалда ругез ва Абу-Симбилалда ругез. Египеталда ва Нубиялда Рамсесил гІадал монуменатал рукІинчІо цониги гьесда цере рукІарал пиргІавназул. Рамсесица кьучІ лъуна Дельтаялда цІияб тахшагьаралъе, жиндие Пер-Рамсес, ай Рамсесил рукъ, абураб цІар кьураб. Гьелдаса цебе, I Сетил ханлъиялъул заманалдасаго гьеб бакІалда букІана риидалил резиденция.

Гьесул мемориалияб магІбад, жакъа къоялъ Рамессеум абулеб цІаралда гъоркь машгьураб, букІана Рамсесил архитектуриял проектазул байбихьилъун. Проектал гІумруялде рахъинарулаго, Рамсесица гьел гьарулаан жеги киданиги рукІинчІел масштабазда. Жиндир ханлъиялъул лъабабилеб соналъ Рамсесица байбихьана гьелде щвелалде 1500 соналъ ран рукІарал пирамидабаздаса хадуб бищун кутакаб архитектурияб проект. Аза-азар къадахъабазулги, ганчІил устарзабазулги суратчагІазулги хІалтиялдалъун байбихьана тІолго Египеталъул шагьарал хисизабизе. Уасеталда щибаб магІбадалъе гьабуна реконструкция, тІаде рана цІиял бутІаби, ва гьеб щибалда букІана Рамсесил къуват ва гьесие бугеб хІурмат бихьизаби. Жиндирго хІакъалъулъ абадияб цІар ганчІида хІутІизе, Рамсесица лъазабуна ганчІил устарзабазда гьезул гамачІгун хІалтІулел къагІидаби хисизареян абун. Гьесде щвелалде ганчІида бекІкІун гьарурлаан гъваридал гурел рельефал, Рамсесица лъазабуна жиндие ганчІида гьарулел хъвай-хъвагІабиги сураталги гъваридго гьабеян, гьел хвечІого рукІине

Гьел проектал гьарулаго, Рамсесица хІалтІизаруна гьезул кІодолъи ва гуч, жиндирго ирсалда тІад заманалъ кверщел гьабичІого букІине ва гьеб гІасрабаз хвечІого хутІизе. Гьединго Рамсесица искусство хІалтІизабуна жиндирго къватІисел пачалихъазда тІад бергьенлъабазул пропаганда хІисабалдаги. Гьесул гІадал гІемерал статуял гьечІо цониги пиргІавнасул. БукІаниги, Рамсесил картушал руго цересица жиндирго гьарун руго цо-цо цересел пиргІавназул статуялги, тІад жиндирго картушалги лъун.

II Рамсесил кІудияб статуя, жиндие 3200 сон бугеб, тІоцебе батана анлъго бутІаялде бикьун Мемфисалда аскІоб бугеб магІбудалда. Гьелъул бакІлъи буго 83 тонна. 1955 соналъ статуялъе гьабуна реконструкция ва лъуна Къагьиралда бугеб Рамсесил Майданалда. Августалда 2006 соналъул статуя гьениса нахъе босизе ккана машинабазул газал сабаблъун гьелъие хІинкъи бижидал. Статуя лъезе ракІалда буго КІудияб Египеталъул музеялда аскІоб.

Абидосалъул хІарамалъул цебесеб къадада цІунун хутІун руго суратал ва цІарал Рамсесил 59 васасул ва 60 ясалъул, гьездалъун бич8чІула Рамсесил нилъеда лъалел лъудби гуребги, цогидалги гІемерал руччаби рукІин, цо-цояз рикІкІиналда Рамсесил рукІун руго 111 вас ва 67 яс.




#Article 188: ГІарани гьоркьохъеб школа, ХІамзатил Расулил цІаралда бугеб (535 words)


ГІарани гьоркьохъеб школа, ХІамзатил Расул цІаралда бугеб яги ГІарани школа (тІубараб цІар Муниципалияб пачалихъалъулаб гІаммаб лъай кьеялъул гІуцІи «ГІарани гьоркьрхъеб гІаммаб лъай кьеялъул школа, ХІамзатил Расулил цІаралда бугеб»,  къокъго ) — Хунзахъ мухъалъул ГІарани росулъ бугеб гьоркьохъеб школа, жибги аваразул кІудияв шагІир ХІамзатил Расулил цІаралда бугеб.  

ГІарани школа буго Хунзахъ мухъалда бугеб кІудиял школабазул цояб ва бищун кІудияб жиндир интернат бугеб школа.  

ГІарани хъалаялда жанир рукІана кинабго мухъалъул гІуцІалаби ва лъабго лъай кьолеб бакІ:

Байбихьул школалъе гьениб бакІ букІинчІо. ТІоцебесеб байбихьул школа рагьана 1930 соналъул 1 сентябралъ МухІамадилазул МуртазгІалил рокъоб, ЦІада, Гиничукь ва ГІарани росдал 7–16 сон барал лъималазе. Гьел рикьун рукІана бугеб лъаялда рекъон. МугӀалимзаби рукІана:

Школалъул нухмалъулев вукІана Илъаса Шамилилазул ГІали; гьединго гьений хІалтІулей йикІана гІурус учительница Дора. 

ГІарани тІ.гь. школалъул тІоцебесеб школа лъугӀи букІана 1935 соналъ. Гьеб соналъул школа лъугӀаразда гьоркьов вукІана Хунзахъа МуртазгІалилазул МухІамад, жиндие кІудиб ватІанияб рагъулъ 9 орден щварав. ГІарани ТІ. Гь. школа лъугІарал гІемерисез гІахьаллъи гьабуна кІудияб ватІанияб рагъулъ, гьезда гьоркьор ЛъагІелухъа ГьитІиновасасулазул ХІайдарбег, ГІахьалчІиса Сайпулагьилазул МухІамад, БакьайчІиса ГІалилазул МалламухІамад ва Баринилазул ГІабдулвахІид.

Рагъда цересел соназ ГІарани школалда хІалтІулев вукІана хадув жив Совет пачалихъалъул бахІарчилъун вахъарав гІурус мугӀалим Михаил Федин.

Рагъдаса хадусел соназул тІоцебесеб школа лъугӀи букІана 1946 соналъ. Гьеб 10-леб классалда вукІана микьго цІалдохъан. Школалда тІадегІанаб лъай бугел учительзабиги рукІинчІого, цІалдохъаби ине кколаан экзамен кьезе ЧІохъе. Гьезда цадахъ гьениве ун вукІана директор ГІалисултІанил МухІамад

ГІарани школалъул директорзабилъун рукІана

ГІарани школалъул рагъулъ гІахьаллъи гьабурал мугІалимзаби.

Рагъул соназги, гьезда хадусел соназги гІемерисел учительзаби рукІана къватІиса рачІарал, бакІалъул лъай кколеб къадаралъул букІинчІо. ГІарани школалда хІалтІила рукІарал къватІиса рачІарал мугІалимзаби

ГІарани школалъул буго 90 бакІ бугеб интернат, боголрукъ ва 120 бакІ бугеб кваналеб рукъ. Буго магІишаталъулаб амбар ва гараж. Школалде бачун буго лъим. Жиндир заманалда рукІана автодром ва лъабго машина.

Школалъул буго цебе тІураб лъай кьеялъулгин материалияб аслу. Буго цІалул устархана (90 м2) ва 0,8 гектар бугІеб бакІ, цІалдохъабазе хІалтІаби гьаризе. Школалда цебетІураб буго спортги, школалъул азбаралда руго волейболалъеги, футболалъеги, гимнастикаялъеги майданал, школалъул стадион, спортзал, гугарухъабазул зал, кьвагьдеялъул зал.

Жибго школалъул минаялъуб буго 23 классалъул рукъ, 17 паспорт бугеб кабинет, 15 компьютер бугеб класс. ГІураб къадар буго цІалуе къварегІунебщинаб материалалъул

ГІарани школа буго мухъалъул аслияб школазул цояб. Гьенир гьарула мухъалъул спорталъулал къецал, гугарухъабазул къецІал. Щибаб соналъ гьабула математикаялъул батІи-батІиял мухъазда гьоркьосеб олимпиадаЖиндир заманалда гьабулаан Хунзахъ мухъалъул щибаб олимпиада.

Школалда жигаралда ва кІудияб кІваралда хІалтІула батІи-батІиял горсвераби; лъикІал хІасилал рихьизарула мухъалъул ва мухъазда гьоркьосел къецазда кечІ ахІиялъул горсвериялъ (Дагъистаналъул маданияталъул министерсвоялъ гьелъие 2002 соналъ кьуна 3-леб даражаялъул диплом, 2003 — 2-леб даражаялъул). 

ГІарани школалъул цІалдохъабаз гІахьаллъи гьабула ва бергьенлъаби росула мухъалъул олимпиадабазда ва цогидал цІалул къецазда.

Гугари цебе тІеялъе чІезарун руго киналго шартІал. ЦІалдохъабаз гІахьаллъи гьабула ва бергьенлъаби росула мухъалъул жумгьурияталъул къецазда. Ахираб 10 соналда жаниб, ГІарани школа лъугІизабурав 4 чи вахъана спорталъул мастерлъун, цояы —  спорталъул мастерасде кандидатлъун, кІигояв — Дагъистаналъул чемпионлъун, 1 — Россиялъул Жанублъиялъул къецазул лъабцӀул бергьаравлъун

ГІарани школалда хІалтІулев вуго 48 мугІалимги 18 техникияв хІалтІухъанги. МугІалимзабазул персоналалъул руго: тІадегІанаб педагогияб лъай бугев 44 мугІалим, гьоркьохъеб педагоияб лъай бугев — 4, тІадегІанаб категориялъул 6 мугІалим, тІоцебесеб категориялъул 24 мугІалим, кІиабилеб категориялъул — 17; РСФСРалъул лъай кьеялъул отличник — 1 чи; Дагъистаналъул лъай кьеялъул «отличник » — 3 чи; Россиялъул халкъияб лъай кьеялъул мустахІикъав хІалтІухъан — 2 чи.

ГІарани школалъ жакъе къоялде щвезегІан къватІиве виччана 3000 гІансев цІалдохъан (70 выпуск).




#Article 189: Даниялов Даниялил ГІабдурахІман (277 words)


Даниялов Даниялил ГІабдурахІман (22 август 1908, Ругъжа, Гъуниб округ, Дагестаналъул область, Россиялъул империя — 24 апрел 1981, Москва, СССР) —  сиясатияв ва партиялъулав хъулухъчи, Дагъистаналъул машгьурав пачалихъияв ва жамгІиябгун сиясаталъулав хІалтІухъан, сиясатчи, Дагъистаналъул АССРалъул ракь хІалтІизабиялъул нарком (1937–1939), Дагъистаналъул АССРалъул Халкъиял Комиссаразул Шураялъул Председатель (1940–1948), КПССалъул Дагъистаналъул областалъул комитеталъул тІоцевесев секретар (1948–1967), Дагъистаналъул АССРалъул  Президиумалъул ТІадегІанаб Шураялъул Председатель (1967–1970).

Даниялов Даниялил ГІабдурахІман гьавуна 1908 соналъул 22 августалда аваразул Гъуниб округалъул Ругъжа росулъ, векъарухъанасул хъизаналда. 1920 соналдаса 1924 соналде щвезегІан ьесие тарбия кьуна Гъуниб мухъалъул лъималазул рокъоб, гьелдаса хадуб — Шураялъул интернаталда. 1928 соналъ гьес лъугІизабуна Шураялъул 
 педагогияб колледж, гьебго заманлда гьев лъугьана ТІКП(б)-ялде. Гьебго соналъул октябр моцІалдаса нахъе гьев лъугьана Гъуниб окружной комитеталъул тІалабияв секретарлъун, 1929 соналъ — Дагъистаналъул обкомалъул Агитациябгун пропагандалъулаб отдел бачунев чилъун. 1930 соналъул марталда гьев тІамуна Лъай кьеялъул  Халкъияв комиссариаталъул бетІераб нухмалъиялъул начальниклъун.

КІудияб ВатІанияб рагъул заманалда вукІана 44-леб аскаралъул Рагъулаб советалда ва МаІачхъалаялъул цІуниялъул комитеталъул чилъун.
[1948 соналъул 3 декабралдаса  1964 соналъул 29 ноябралде щвезегІан  — КПССалъул Дагъистаналъул областалъул комитеталъул тІоцевесев секретарлъун

ЦК КПССалъул гІахьалчи — 1956–71 гг. ( ЦК КПССалде кандидат — 1952–56 гг.).

Хвана 1981 соналъул 24 апрелалъ Москваялда.

Даниялил ГІабдурахІманил гьитІинав вац, совет гІалимчи ва тарихчи — ГІажигІали.
ЧІужу Хадижат (ЧІохъа). Лъимал:

Яс — Забидат (медицинаялъул гІедмабазул кандидат) ва лъабго вас: кІудияв — МитхІат (медицинаялъул гІедмабазул доктор, профессор), гборкьохъев — Юсуп (кинорежиссёр, драматург) ва гьитІинав — МахІач (тарихиял гІедмабазул доктор).

МитхІат ва МахІач хвана хеко. Кинорежиссер Даниялил ГІабдурахІманил Юсуп (инсул хІакъалъулъ ракІалде щвеязул тІехьалъул автор), хвана 2015 соналъул 24 маялъ 2015. 21 январ 2016 соналъ хвана Даниялил ГІабдурахІманил цохІо йикІарай яс — Забидат 21 января 2016 года. Нахъе руго лъималазул лъимал.

Даниялил ГІабдурахІманил цІар кьун буго МахІачхъалаялда бугеб къватІалъе.




#Article 190: Нилалъул Дельта (140 words)


Нилалъул Дельта (  яги жибго  ) буго Гьоркьияб Египеталда бугеб, Нил гІор гІаркьалабазде биххун Ракьдагьоркьосеб ралъадалъе чвахулеб бакІалда лъугьараб дельта. Гьеб буго дунялалда ругел бищун кІудиял гІоразул дельтабазул цояб. Гьелъ Ракьдагьоркьосеб ралъдал рагІалалъул ккола бакътІерхьуда Алискандериялдаса бахъараб бакъбаккуда Бур-СагІидалде щвезегІан 240 км (150 мил), во гьеб буго бечедаб росдал магІишаталъул икълим. Хьундаса бакъдехун дельтаялъул халалъи буго гІага-шагарго 160 кm. Дельта байбихьула Нилалъул чвахиялъул Къагьиралдаса цодагьаб гъоркьегІан. Цебе дельта гІуцІун букІана 8 гІаркьелалъ, гьанже гьезул буго 2 кІудияб гІаркьел.

Хьундаса бакъдехун рахъалде дельтаялъул халалъи буго 160 км; бакътІехьудаса бакъбаккуда гьелъ кколеб ралъдал рагІаллъиялъул халалъи буго 240 км. Дельта бикьун буго кІиго аслияб гІаркьелалъ — Думьяталъул ва Рашидалъул гІаркьалабаз, жалги Ракьдагьоркьосеб ралъдалъе гьел портазулал шагьаразда аскІосан чвахулел. Цере гьел гІаркьалабазул къадар букІана 8,  амма гьел тІагІана Нилалъул чахиялда хадуб кколеб хІалалъ халкквей гьабидал, реьеф хисидал. Гьединаб тІагІараб гІаркьелалъул цояб кола Вади Тумилат.




#Article 191: Хунзахъ тІалъи (368 words)


Хунзахъ тІалъи — Дагъистаналда бугеб тІалъи, жибги бищун гІатІидаб ва кІудияб Дагъистаналъул тІалъилъун кколеб.

Хунзахъ тІалъи буго Жанисеб Дагъистаналъул бакьулъ бакІалда, ралъдал гьумералдаса тІалъиялъул борхалъи буго 1700–2200 м. Гьелъул халалъи буго 25 км, гІеблъи — 8–10 км; гІаммаб къагІидаялъ тІалъиялъул гІатІилъи буго 250 км2.

ТІалъиялъул рельеф буго гІодобе буссараб гІатІилъи, гьитІинал гохІалги, балкабиги ва гІиссинал кІкІалабиги бугеб. Хьундасебгун-бакъбаккул рахъалда тІалъиялъул гІорхъилъун буго ТІанусдерил бал, жибги Макьасде щвезегІан бугеб, бакъдасебгун-бакъбаккул рахъалда рахъалда — ГІакаро-мегІер. Бакъбаккул рахъалдехун кколеб бакІалда тІалъиялъул гІурхъилъун буго 100–1200 м. борхалъуда бугеб ЦІолокь каньон, ГІарани хъаладухъа байбихьун Шамилил мухъалъул Гьолокь росдаде щвезегІан, 22 км халалъиги бугеб. Гьениб тІалъиялдаса чвахулеб Тобтилги Илъалъаралъулги лъугьуна чвахубакІал (чвахиялъул борхалъи 70 ва 120 м).

Хунзахъ тІалъиялъул ракьал аслияб къагІидаялъ ккола лъикІ жо бижулеб бечедаб щелоч гъорлъ бугел мугІрузул чІегІер-ракьаллъун. РорхалъудегІан ругел чІегІер-ракьазда гъорлъ щелочалъул къадар дагьлъула ва гумусалъул къадара бахуна 7 проценталде. 

Гъуниб тІалъиялде данде ккун, Хунзахъ тІалъиялда климаталъул шартІал руго кьварарал, лъагІалил гьоркьохъеб температура бащалъула 6,60. ГІазу-цІадал къадар бащщалъула 532 мм (гьебго борхалъиялда бугеб ТІасияб Гъуниб, гьоркьохъеб температура бащалъула 8,1°, гІазу-цІадал къадар — 507 мм).

Хунзахъ тІалъиялда рукІуна гІезегІан къуваталъул гьурал, цо-цо мехалда 8 балл къуваталда ругел. Хунзахъ тІалъиялда гьединаб хасаб климат букІиналъе гІиллалъун ккола тІалъи  рагьараб букІин, хасго бакъбаккудаса ва бакътІерхьудаса, ва гьелдалъун  щибаб рахъалдасан гІадин гьавадул массаби рачІин.

ТІалъиялда ругел лъаразул чІахІияллъун рикІкІине бегьула Тобот, Хундерил лъар, Илъа-лъар; гьел киналго лъар чвахула ЦІолокье, гІизаІан кІудияб борхалъудаса. ЦІадал райда, гьел лъарал гІемерго кІодолъула. 

ТІалъиялъул бакътІерхьун рахъалдаги буго дагьабго гьитІинаб лъар, жиндир чвахиялъул борхалъи 50 метраялдаси бугеб.

ТІалъиялъул гІодорегІан ккарал бакІазда, Сиухъ, Гъонохъ, Шотота ва Макьасда росабазда аскІор цере рукІана гьитІиналго хьуцІал. Гьел ахираб заманалда ракъвазарулел руго.

Шотода росдата цебе буго гІадамасул квералъ гьабураб хІор, жанибе биччан буго ччугІа.

ТІалъиялъул тІабигІат цІакъго бечедаб гІечІо. НекІсиял рохьал хутІун гьечІо. Хурдузул данде чІвала харибакІазул, ва мугІрузул хурдур: шалфей, рехъеб, чебрец, харибакІазул ва мугІрузул лъабгІин, люцерна ва цогидалги.

ХІайваназулги  гІемерал тайпаби данде чІваларо. Рахьхахулезул гІемерисеб данде чІвала гІанхвара Радде (Дагъистаналъул эндемик). Цо-цо данде чІвала гІанкІал, цурдул, гІондокьал, цо-цо — бацІал.

ХІанчІазул тайпабазул ратула альпазул чІегІерхІанчІи, гІалхул маккал; данде чІвала чІоролаби, мокъокъал ва чанахъанхІанчІазул чанго тайпа.

Хунзахъ тІалъи ккола Дагъистаналда ругел бищун халкъ ризаб бакІазул цояблъун.

ТІалъиялъул чІегІерракьал, гьетІи букІаниги, кьерзал гьарун ва рекьун хІалтІизарула. Аслияб къагІидаялъ гІазабула картошка, чІегІер гьоло, лъелъ во цогидалги. 




#Article 192: Египеталъул мацІ (162 words)


Египеталъул мацІ (, ) ккола НекIсияб Египеталъул мацІлъун, жибги Афроазиялъул мацІазул хъизаналъул гІаркьеллъун кколеб. Заманалъул рахъалъ жибги цІакъ гІемераб мехалъ хІалтІизабураб, Египеталъул Басрияб мацІалъул этапалдаса байбихьун (4-б аз. н. з. щ., Египеталъул Басрияб ханлъи), шумер мацІгун цадахъ тІоцебе хъвай-хъвагІи хІалтІизабизе байбихьарабги мацІ ккола Египеталъул мацІ. Гьелъул тІоцересел хъвай-хъвагІиязул заман чІезабун буго 2690 с. н. щ., ва гьеб хІужжаялъ Египеталъул мацІ чІезабула дунялалъул бищун цебесею хъвай-хъвагІи бугеб мацІлъун, шумер мацІгун цадахъ.

Египеталъул мацІалъул классикаияб этаплъун рикІкІуна гьоркьохъеб мацІ, жибги рахьдал мацІлъун лъугьараб Египеталъул Гьоркьохъеб ханлъиялъул заманалда ва Румазул заманалде щвезегІан адабияталъул мацІлъун букІараб. Классикияб античносталъул заманалде Египтяназул гаргадулеб мацІ сверана демотикияб мацІалде, гьелдаса хадуб насранияб диналъул заманалде копт мацIалде. Гаргадилеб мацІ хІисабалда копт мацІ хІалтІизаби лъугІана XVII-б гІасруялде, амма литургиялъул ва диналъул мацІ хІисабалда гьеб хІалтІизабула жакъа къоялъги коптазул Православияб килисаялъ.

Египеталъул мацІалъул гІелмияб цІех-рех гьабула лингвистикияб египтологиялъ.

Обзорал:

Синтаксисалда хурхарал хІалтІаби:

Египеталъул гьоркьохъеб мацІ:

ЦІияб Египеталъул мацІ:

Хадусеб Египеталъул гьоркьохъеб мацІ:

Птолемеязул мацІ:

Демотикияб мацІ:

ГІаммал:

МацІалъул цебетІеялъул батІа-батІаго ругел стадиязда рекъон:




#Article 193: МочІохъ хІор (670 words)


МочІохъ хІор ккола Дагъистаналъул Хунзахъ мухъалъул шималиябгун-бакътІерхьул рахъалда, ТІанусдерил ва ГІечІендерил балада гьоркьоб бугеб жаниблъиялда, МочІохъ росдада аскІоб, ралъдал гьумералдаса 1632 метраялъ борхалъуда жиб бугеб мугІрузул хІор. 

Тайпаялъул рахъалъ МочІохъ хІор ккола ччукІелалъ лъар нахъсверизабун лъугьараб хІорлъун. ХІор лъугьана 1963 соналъ, ТІанусдерил баладаса бачІараб ччукІелалъ лъар нахъсверизабун.

ХІоралъул гІатІилъи буго 0,7 км, лъим буго бацІадаб, тІокІкІен бахуна 3 метраялде, (хІоралъул гьоркьохъеб гъварилъи буго 20–30 метраялде). 

МочІохъ хІор буго Жанисел мугІрузул Дагъистаналъул Хунзахъ мухъалда, ТІанусдерил (шималияб рахъ) ва ХачтІа балазда гьоркьоб, ралъдал гьумералдаса 1632,6 м борхалъуда. ХІоралда аскІоб бакътІерхьул рахъалда буго МочІохъ росу.

МочІохъ хІоралъул гІорхъабазул руго хадусел кординатал: 

МочІохъ хІор ккола ччукІелалдалъун лъугьараб лъим чІараб бакІлъун. Гьелъул халалъи буго 1250 м, гІеблъи бахуна 500 метраялде, акваториялъул гІатІилъиялъ ккола гІ.-ш. 32 га. ХІоралъул гьоркьохъеб гъварилъи 20–30 м, бищун цІикІкІараб гъварилъи — 60 м, в гьеб гъваридаб бакІ буго хІоралъул шималияб рахъалда. ХІоралъул лъел куб-роцен бахуна 8 млн. м3. Лъим чІараб бакІалъул буге лъикІаб лъел-хьвади, ай жанибги жаниса къватІибги лъин чвахула. Лъим буго бацІадаб, гьекъезе бегьулеб, гьелъул тІокІкІен бахуна 3 м.

ХІоралъул рагІаллъаби гІемерисел руго цІикІкІараб гьетІи гьечІел ва рагьарал, шималияб рахъалда бугеб балада цун букІиналъ, гьениб бугеб рагІаллъиялул цо бутІа буго цІикІкІараб гьетІи бугеб. 

ЦІер

Декабрь моцІалъул байбихьудаса хІоралда тІад цІер чІвазе байбихьула, цІороца бацула тІубараб хІор, ва гьеб хутІула март моцІ щвезегІан. Квачалде балагьун, цІералъул бицалъи бахине бегьула 50 сантиметраялдеги, гьоркьохъеб биццалъиялъул цІералъ хІехьола тІаде рачарал машинабиги гІадамалги. ХІоралда чІвалеб цІер букІуна бацІцІадаб, рагІаллъудегІан тІинда бугеб жоги бижулеб херги бихьула. РукІуна цо-цо цІерги чІвачІел гургинккарал бакІал, гьезул диаметр бахуна 100 см. БакътІерхьун хадуб цІорол бакІ-бакІалде рехула гІурабго халалъи жидер ругел кьватІелал, кьватІел рехарал бакІал цоцада цун чІола, гьеб бакІ цІидасан цІорола.

ЛъагІалил гІазу-цІадалъул гьоркьохъеб къадар буго 550–600 мм, гІемерисеб цІад бала лъагІалил хинаб заманалда. Гьаваялъул лъагІалил гьоркьохъеб температура букІуна гІ.-ш. +6°С, хинаб мехалъул гьоркьохъеб температура — 11,5°С, квачараб мехалъул — -1,3°С. Бищун квачараб моцІлъун ккола январ, жиндир моцІалъул гьоркьохъеб температура — 4,4°С. Бищун хинаблъун ккола июль моцІ, жиндир гьоркьохъеб температура +16,1°С. Хинлъи-квачалъул абсолютияб максимум ккола +36°С, минимум — -27°С. ХІоралда сверун ругел бакІазда гІазу чІола 80 яги гьелдаса цІикІкІун къоялъ.

МочІохъ хІор лъугьана ТІанусдерил балалъул шималияб рахъалдаса бачІараб ччукІел сабаблъун. ЧчукІел лъугьиналъе гІиллалъун лъугьана 1962-63 саназда Дагъистаналда рарал кІудиял цІадал. Ракь ччукІизе байбихьана 1963 соналъул 28 октябралда, хъахІлъи балеб гІужалъ.

ЦІадас ХІмзатил цІаралда бугеб колхозлда хІалтІулев вукІарав МухІамадилазул МухІамадица кІудияб ччукІел лъугьиналъул хабар лъазабун буго, ва бачІун буго хІукуматалъул комиссия. Гьезул хІумуялда рекъон, Мочохъ росдал гІадамазул эвакуация гьабун буго.

ГІалимзабаз гьабун буго натижат: ччукІел лъугьиналъе гІилла — рарал гІемерал цІадал. Хадусеб микьго къоялъ ракьул гІурагІан къадар ччукІун унеб букІана аскІоб бугеб лъарал расалъиялде; гьелъул хехлъи букІана 250 м сордо-къоялда жаниб (2–3 м минуталда жаниб), къобахъанагІан хехлъи цІикІкІунеб букІун буго. ЧчукІелалъул лагадул халалъи букІана 1,5 км, гІеблъи — 1 километралде гІунтІун. 

ЧчукІел гІодобе щун чІедал гьелъ нахъсверизабизе букІана МочІохъ лъар, лъел къадар эхебе бахине букІана, гьединлъидал тІокІаб лъел къадар къватІибе биччазе тадбир гьабизе кколаан. Гьединго хІинкъи букІана рукъзал риххизариялъеги.

ЧчукІел гІодобе щола микьго къоялдасан, гьеб къуваталда речІчІула МочІохъ росу бугеб балалда, кутакаб, ракьбагъараб гІадаб гьаракьги бахъун, амма росурагІалда букІараб лъабго мина гурони биххизабуларо гьелъ. КІкІалахъ лІугьуна къуватаб тІабигІияб сангар, ва гьеб лъугьараб бакІалда ччукІелалъул лагадул къуват бахунаан 100 метраялде. 

ЧчукІел бачІин лъугІидал, гІадамал росулъе руссине риччала. Амма тохлъукьего бачІуна цоги хабар: хІорниб лъел къадаралда хадуб халл кввезе тун вукІарав Къадилазул Гьиматица хабар лъазабула лъел къадар гІализабазда ккун букІаралда дагьабги хехго бахунеб бугилан. Гьелъие гІиллалъунги букІуна хІоралъуре мочоІохъ лъаралъул лъим гуребги, киналниги ччукІелалдаса хадур рагьарал гІемерал иццазул лъиналгичвахизе байбихьула. Гьениве вачІарав Хунзахъ мухъалъул лъалъалъул системаялъул идараялъул нухмалъулев Аталазул ХІажица идараялъул инжинер Шайхасулазул ТІалхІатгун цадахъ хал-шал гьабула сангаралъул ва балагьула лъим къватІибе биччазе данде кколеб бакІ. КватІичІого кумекалъе рачІуна Дагъистаналъул лъел магІишаталъул монтажгун жо-жо баялъул идараялъул специалистал. ХІалтІи хеко гьабизе гьенибе рехули цІиябл техника, гьелъие гІоло гІатІид гьаризе ккана нухал ва цІигьабизе ккана ччукІелалъ хвезабун букІараб нухалъул букІа. 

ХІукму гьабула лъим къватІибе биччазе 370 метра бугеб авариялъулаб рахъ (лоток) гьабизе. Булдузераз бухъун гьабула кІудияб рахъ, гьенибго махх биун седеялъул устарзабаз кІудил маххул тІанчазул цоцаде биун-седон гьабула лоток.

ХІоралъул хал-шал гьабидал, гІалимзабазда ратула гьениб ччугІа гІезабиялъе шартІал, гьелъ ГІанди хІорихъа бачун биччала форел ччугІа.




#Article 194: МацІазул генетикияб классификация (213 words)


МацІазул генетикияб классификация ккола дунялалда ругел мацІазул, жидер лъугьиналдаги, жидеда гаргадулел халкъазул лъугьиналдаги, цогидал мацІазулгун бугеб бухьеналдаги рекъон гьабураб хасаб классификация.

Дунялалда буго чанго азарго мацІ. Машгьурал ва тІиритІарал справочниказде росула гІицІго гьанже ругел мацІал (ай чІагоял ва дагьалъ церегІан хварал мацІал). Ethnologue-ялъул баяназда рекъон, 2018 соналда бугеб хІалалда, гьанжесел мацІазул къадар буго 7 азарго,   рекъон — 4994. Гьел мацІазул гІемерисел  цолъизарула хъизаназде, цо-цо мацІал рикІкІуна ратІа тІураллъун (ай цохІо гурони мацІ гьечІел хъизаналда) ялъуни классификация гьаричІел.

МацІазул хъизанлъун рикІкІуна мацІазул генетиякияб цолъи, жиндир, масала, индоевропаялъул мацІазул гІадаб даражаги гъварилъиги, ай гІага-шагарго 6–7 аз. соналъ цебе батІи-батІиял мацІазде биххараб. Цо-цо мацІазул хъизаналин абулел ратула дагьаги гъваридал цолъияллъун, масала кушит мацІал, австронезиялъул мацІал. Гьезде абула тІадхъизанилан.

Кинабниги буго гІага-шагарго 420 мацІазул хъизан, 100-ялдаса цІикІкІун изолят ва 100-ялдаса цІикІкІун классификация гьечІелмацІал. Хъизанал цо-цо цолъизарула дагьабги кІудияб даражаялъул цолъалабазде — макрохъизаназде (филал, ), амма жакъа къоялъ гьезул гІемерисл рукІин ккола гІицІго гІелмияб гипотезалъун, жал рукІин тасдикъ гьабзе кколел. КьучІаб далил буго цохІо ностратикиял ва афразиялъул макрохъизанал рукІиналъул теориялъул.

МацІазул хъизаналъул къадаралъе классификация гьабизе бищщун санагІатаб буго генетикияб гуреб, географиялъулаб — материказда ва континентазада рекъон, мацІазул хъизаназул гІурхъаби физикиял гІурхъабазде данде ккечІониги.

Генетикияб батІалъи цо ккураб гьечІо батІи-батІиял регионазул.

Хадусеб 2 хъизаналде Кавказалъул мацІалин абула (генетикияб гуреб цолъи)

НекІсиял  мацІал:

Гьел мкрохъизанал рукІин тІубан чІезабун гьечІо гІалимзабаз.




#Article 195: Консерватизм (184 words)


Консервати́зм (от  — цІунула) ккола гІадатазул къиматал ва гІадлу-низамал, жамгІиял ялъуни диниял доктринаби идеалогияб кквей. Бищун кІудияб къиматлъун ккола социумалъул гІадатал, гьелъул институтал ва къиматал цІуни.

Консерватораз жанисеб сиясаталда гъокьан мухъ цІала бугеб пачалихъияб ва жамгІияб низамалда, нахъчІвала радикалиял реформаби, жал консерватораз экстремизмлъун рикІкІунел. КъватІисеб сиясаталда консерватораз аслияб кІвар кьола хІинкъи гьечІолъи цІуниялъе, тола рагъул къуват хІалтІизабизе, хІаракат бахъула кидагосел цадахъчагІи ккун рукІине; къватІисеб эканомикаялда ккола протекционизм.

Консеоватизмалъул идеалогия бижана «Француз хІуригаталъул хІинкъалабазде» данде бугеб реакция хІисабалда (Эдмунд Бёркил машгьураб памфлет, 1790). Консерватизм данде чІола либерализмалде, жиндица экономикаялъул ва жамгІиял эркенлъаби тІалаб гьабулеб, ва социализмаялде, жиндица жамгІияб ращалъи тІалаб гьабулеб ва гІадамасул жиндирго буголъиялъе гІурхъи лъолеб. Бёркицаго гІадин, консерватизм гІуцІиялъе кІудияб квербакъи гьабуна французазул иезуит Жозеф де Местрица (1753–1821), ингилисазул философ Томас Гоббсица (1588–1679) ва австриязул канцлер граф Клемент Меттернихица (1773–1859)

Гьанжесел социумазда консерватизм ккола жидеда алиябин абулеб лъабго идеалогиялъул цояблъун: либерализм, социализм ва консерватизм. Консерватизм батІа гьабизе ккола обскурантизмалдаса нахъехун ин ва цІияб жоялде тушманлъи букІиналъул хІисабалда, ва гьединго традиционализмалдаса. Гьанжесеб консерватизм (неоконсерватизм) цо-цо мехалъ батула дагьабги цебе унеб, ва гІемер ресал бугеб, цогидал сиясаталъул хьвадияздаса. Масала —Рейганил реформаби АЦШялда, Тэтчерил реформаби КІудабританиялда.

ГІурус мацІалда:




#Article 196: Харахьи (282 words)


Хáрахьи — Дагъистаналъул Хунзахъ мухъалда бугеб росу. Харахьи росдал поселениялъул марказ ва цо бугеб росу. Хунзахъ мухъалъул Харахьи участокалъул марказ.

Росдал цІар бачІараблъун рикІкІуна «хвараб лъим» абураб рагІудаса. Биценазда рекъон, цебе заманалъ, КъвекІада ва ЩулалъутІа абулеб бакІалада букІун буго кІиго гьитІинаб росу, гьабсагІат росу бугеб бакІалда букІун буго хьуцІ, жиндир лъиналда, гьекъезе бегьунгутІиялъ, абулеб букІун буго «Хвараб лъим». Цогидаб къагІидаялъ, цІар бачІун буго «хваразухъе» абураб рагІиялдасан. ХьуцІалде аскІорегІан, харибакІал хвезаричІого рукІине, гьарун рукІун руго хабзалаби, ва гІадамазда гьоркьоб, хабзалъа руссараз, кир рукІарал-ян цІехедал, абулеб букІун буго «хваразухъе ун рукІанин».

Харахьи росу ккола аваразул некІсиял росабазул цояблъун, жиб гІарабал рачІиналдего букІараб. КъвекІада букІараб росу, букІун буго щула гьабураб росулъун. Гьенир рукІарал гІадамазул дин цин хъанчи лагълъи гьаби, хадуб насранияб дин букІиналъе нугІлъи гьабула гьенир ратарал хъанчаз.
КъвекІада ва ЩулалъутІа росабазда гьоркьоб букІун буго кьал. КъвекІадисел тІаде кІанцІун руго ЩулалъутІа росдаде, амма гьелъул гІадамал къезаризе кІун гьечІо, ва цинги къвекІадисез ургъун буго хІилла: биценазда рекъон, гьез гІодобе бак буго гІодобе гІеч, ва гІеч бакІаризе лъугьарал ЩулалъутІа росдал гІадамазде тІеги кІанцІун, гьел къезарун руго. Гьелдаса хадуб кІиябго росу цолъун буго. ГІага-шагарго XV гІасруялъ, хІуцІ бакъвазабун, гІадамал гьенире рахъун руго.

Байбихьуда гІемерисел гІадамазул чІей букІун буго «ГохIда кавудахъ» абулеб бакІалда, жибги тушманасде данде чІезе санагІалъи бугеб. Гьенир рукІун руго кІудиб каву, къасе мехалъ рахалеб; бицен буго, гьеб каву къалеб гьаракь Гьарадерихъ росулъецин рагІулеб букІанин.

Харахьи росу гъорлъе унаан Авар ханлъиялде. Росу букІана узденаб. Щибаб лъагІелалъ росдаца кьезе кколеб магъало букІун буго 264 къали тІорщалил. Жиндир заманалда гьеб кьечІони, конфискация гьабулеб букІун буго рукъалъул ялъуни бекьулеб ракьалъул. Нуцаласе вас гьавидал, гьесие сайгъаь хІимабалда кьезе кколеб букІун буго бекьулеб ракьалъул ялъуни харибакІалъул бутІа. Гьединго херехьдерица кьезе кколеб букІун буго нуцалалсе магъало, Текида боцІи кваназабуралъухъги Харикь ругел харибакІал хІалтІизаруралъухъги.




#Article 197: Росдал поселение (282 words)


Рóсдал поселе́ние ккола Россиялъул муниципалиял гІуцІалабазул цо тайпа, жинда гъорлъ цо ялъуни чанго росдал  гІумру гьабулеб бакІ бугеб, жалги росдал гІумру гьабулел бакІазул (посёлок, росу, станица, деревня, кули, кишлак ва цогидал) гІаммаб территорияздалъун цолъизарурал, ва жидеда жаниб бакІалъул нухмалъи гьабулеб гьениб гІумру гьабулеб халкъалъи жинцаго яги рищарал ва цогидал бакІалъул нухмалъулел идарабаз. Росдал поселениял уна муниципалиял мухъазде гъорлъе.

Росдал поселениязул бакІалхул нухмалъулел идарабазе конституциялъ чІезарурал тхтиярал ккола бакІалъул бюджет гІуцІи, муниципалияб буголъиялда тІад ихтияр гьаби, бакІалъул нухмалъиялъул идарабазул структураби жидецаго рихьизари, бакІалъуд нухмалъиялъул территориалияб гІуцІи гьаби, жамгІияб гІадлу чІезаби ва цогидалги.

Гьаб муниципалияб гІуцІиялъул тайпа бахьизабун букІана 2003 соналъул «Россиялъул Федерациялъул бакІалъул жинцаго нухмалъи гьабиялъул принципазул хІакъалъулъ» къануналда ва тасдикъ гьабуна гьеб муниципалияб рефорама гьабулеб мехалъ.

Росдал поселениязде гъорлъе ине бегьула цо росдал гІумру гьабулеб бакІ ялъуни посёлок, жидер халкъалъул къадар 1000-ялдаса бугеб (цІикІкІараб гъунки бугел территориязе — 3000 чиясдаса цІикІкІун) ва/ялъуни цо гІаммаб территориялдалъун цолъизабураб цо чанго росдал гІумру гьабулеб бакІ, жидер халкъалъул къадар 1000-ялдаса гъокье бугеб (цІикІкІараб гъунки бугел территориязе — 3000 чиясдаса дагь).

Росдал поселениялъул букІуна административияб марказ — гІумру гьабулеб бакІ, жиб тасдикъ гьабураб бакІалъул гІадатазда ва билълъараб инфраструктураялд рекъон, ва жинда жаниб Россиялъул Федерациялъул субъекталъул къануналда рекъон гьеб росдал поселениялъул нухмалъиялъул идара бугеб

КІиго яги гьелдаса цІикІкІун гІумру гьабулел бакІал ругел росдал поселениялъул гІорхъаби лъола гьелъул административияб марказалдаса цо хІалтІул къоялда жаниб киналго гІумру гьабулел бакІазул гІадамал лъелго инеги ун нахъруссине бегьулеб манзилалда. Гьоркьосабахъи букІуна дагьаб халкъалъул гъунки бугел ялъуни нух бахъизе захІматал бакІал ругел территориязул.

Росстаталъул баяназда рекъон 2014 соналъул 1 январалде Россияла букІун буго 18 525 росдал поселение, на 1 января 2013 года — 18 722, 2012 соналъул 1 январалде — 18 883, на 1 января 2011 года — 18 996, 2010 соналъул 1 январалде — 19 591.




#Article 198: ПиргІавназул сияхІ (815 words)


ПиргІаназул сияхІ — НекІсияб Египеталъул жидеда гІадаталда рекъон «пиргІавналилан» абулел бутІрузул сияхІ. ПиргІавн абураб титул хІалтІизабула ханзабазе, жал Нармерица ТІасиябги Гъоркьябги Египета цолъизабун хадуб рукІарал. Кин букІаниги, пиргІавн абураб титул буго хадуб баккараб, жалго египтяназ хІалтІизабулеб букІинчІо, гьез Египеталъе бетІерлъи гьабулезда абулаан нисут-бити абун (nswt-bjtj) ва хІалтІизабулаан 5 титулалдаса гІуцІараб цІар. Гьанир кьун руго пиргІавназул бищун машгьурал ва лъалел цІарал (гьединго иероглифаздалъунги).

СияхІалъул байбихьуда руго наслабазде цебесеб заманалъул (нилъеде щвелалде IV азарсонил ахир) бутІрул, жал рукІараблъи жакъа къоялде египтологиялда лъалеб. Гьединго сияхІалда рихьизарун руго Птолемеязул наслуялъул ханзабиги, жидеца пиргІавнил титул хІалтІизабулеб букІараб. Гьединго буго бутІа некІсияб Египеталъул диналда ва мифологилда рекъон Египеталъул тІоцересел бутІруллъун рикІкІунел илагьзабазул.

ЦІарал хъваялъул суал. СияхІалда пиргІавназул цІарал кьун руго жидер автораз бищун гІадатияб къагІидаялда цІарал рехслолел иццазда рекъон, ай, «школалъул»-ян абулеб къагІидаялъ цІалулеб хІалалда. Гьеб хурхараб буго щивав пиргІавнасул оригиналиял цІаразул чанго батІияб вариант букІиналда ва гьел цІаразул транскрипция жиб заман бахъанагІан цебе тІоле ва цІигьабулеб теориялда букІиналда. Египеталъул мацІалъул фонетикаялъул гІелмияб цІех-рех цІакъго лъикІ гьабун гьечІо, гьелда тІад гьарурал гІелмиял хІалтІабиги аслуялде росун гІалимзабазаде жеги кІолеб гьечІо Египеталъул мацІалъул фонетикияб гІуцІи лъазабизе. Гьелъ цо-цо цІаразда хІаракаби лъеялъул (вокализация гьаби) чанго батІияб къагІида лъугьуна. 

Хронологиялъул суал. Гьаб сияхІалда рихьизарурал къо-моцІал руго гІага-шагарго ругел, гьелъ, бищун церегІанал пиргІавназул ханлъиялъул заманалъул къо-моцІалъул битІун букІиналъул хІужжаби рукІуна загІипаллун. ГІемерисел гІелмияб цІех-рех гьабулеле египтологазул руго жидерго хасал пикраби батІи-батІиял пиргІавназул ханлъиялъул заманаялъул ва тарихиял периодазул гІурхъабазул. Аслияб къагІидаялъ, гьанир ругел къо-моцІазе аслулъун босун буго гІадалъун лъугьараб НекІсияб Египеталъул хронология, жиндие аслулъун Египеталъул Археологиялъул Петрие Музеялъ гІуцІараб Egypt for Universities баяназул база. Цогидал иццазда рихьизарун ругел къо-моцІал кьун руго батІаго.

Гьанжесеб хронологиялъул система камилаб гьечІо, гьелда жаниб данде чІвала 150 соналъул заманалъул данде ккунгутІиги, амма гъалатІазул къадар сон бахъанагІан дагьлъулеб буго. Жакъа къоялъ египтологаз хІалтІизабула «данде ккеялъул» къагІидаялъул датировкаби: «тартибияб» ялги археология артефактал, жидер стилалъухъ, материалалъухъ ва рухъа-хъваялъул гъатазда ругел хІалалъухъ балагун, хасаб къагІидаялъ цоцада хцрцхн тартибалда лъун гьабулеб датировка. Гьединго хІалтІизабизе бегьула текстуалиял мугъчІваязул къагІидаби ялъуни гІелмиябгун техникияб датировкаялъул къагІида: радиокарбонияб ва термолюминесцентияб анализал, дендрохронология.

НекІсиял пиргІавназул сияхІ. НекІсиял египтяназ хІалтІизабулаан къо-моцІ чІезабиялъул система, жинда жаниб хасал къо-моцІазе пиргІанил ханлъиялъи гьабиялъул кІвар бугел лъугьу бахъиназда ва саназда хурхен гьабулеб, гьезда абулаан «ханлъиялъул санал», ва цІияв пиргІавн ханлъи гьабизе лъугьаравго, къо-моцІ чІезаби цІи гьабулаан. Гьанже лъаларо, кидагойищ Египеталъул къаламчагІаз жидерго хъвай-хъвагІабазда хІалтІизабулеб букІарабали 365 къоялъул календар (ялъуни гьез хІалтІизабулеб букІин дагьаби халатаб бакъул сон), лъаларо пиргІавнас ва гьесул ирсилас къокъаб заманалда жаниб цадахъ ханлъи гьабулеб заман хъвайялъул практика (бичІчІулеб гьечІо, кин гьеб рикІкІунеб букІарабали ва гьеб заманалъе кІвар кьолеб букІин); Жал мухІканго чІезарун бажарулел, астрономиял лъугьа-бахъинал хъвай бараб букІуна гьезда хадуб хал гьабулеб бакІалда, амма гьеб гьабураб бакІ ялъуни лъаларо ялъуни мухІкан гьабун бажаруларо. Гьелъ, жакъа къоялде щвезегІан данде гьарурун ругел халатал «Ханзабазул сияхІазул» бокьараб къ-моцІ букІине бегьула щакаблъун. Египтологазул аслияб суаллъун ва масъалалъун ккола гьел батІа-батІаго ругел сияхІал гьанжесеб хронологиялде гъорлъе рачин, НекІсияб Египеталъул тарихалъул лъугьа-бахъинал, тартибалда лъун, цойде гьаризе.

Гьанжесел пиргІавназул сияхІазул кьучІалъе росун руго тарихиял сияІал, жидеда гьоркьор НекІсиял Египеталъул сияхІалги ва гьединго хадусеб заманалъ гьарурал сияхІалги, Манефонил Эгиптиака гІадал ва цогидал, гьединго кьучІалхе росун руго археологиял хІужжабиги. НекІсиял сияхІалгун египтологал хІалтІизе ккола цІодорго, щагурелъул гьенир рукІине бегьула гъалтІал (гІемерисел сияхІазда рехсараб лъугьун букІуна гьел сияхІал гьабилалдего). КІудияб квалквал ккола гьел ханзабазул сияхІал бащдал хварал рукІиналъул.

Машгьурал руго хадусел некІсиял ханзабазул сияхІал:

Гьанир рихьизарун руго наслабазде цебесеб заманалъул ТІасияб Египеталъул ханзаби, жидер заман Накъада III периодалъул ахиралде кколеб, гьединго, цо-цо мехалъ, официалияб гуреб къагІидаялъ, хІалтІизабула 00 наслу абураб рагІи.

Заман: 3150–2686 н. щ., гъорлъе бачуна I ва II Наслаби. 

Цо-цо египтологаз, гьанжесел НекІсияб Египеталъул хронологиялъул хІалтІабазулъ (мисалалъе,  Э. Хорнунгица, Р. Крауссица ва Д. Уорбертоница), Цебесеб ханлъиялде гъорлъе бачуна III Наслуги. Гьеб хурхараб буго Цебесеб ва Басрияб ханлъи батІа гьабулеб заманалъул къотІел цІакъ шартІияб букІиналда. Гьаб сияхІалда, билъараб гІадаталда рекъон, III Наслу бачун буго Басрияб ханлъиялде гъорлъе.

Цебесеб ханлъиялъул цогидаб хронология:

Ханлъиялъул заман: гІага-шагарго 3150–2890 н. щ.

I Наслуялъул цогидаб хронология:

Ханлъиялъул заман: 2890–2686 н. щ.

II Наслуялъул цогидаб хронология:

Заман: 2686–2181 н. щ., гъорлъе бачуна III, IV, V, VI Наслаби.

Басрияб ханлъиялъул цогидаб хронология:

Ханлъиялъул заман: 2686–2613 н. щ.

III Наслуялъул цогидаб хронология:

Ханлъиялъул заман: 2613–2498 н. щ.

IV Наслуялъул цогидаб хронология:

Ханлъиялъул заман: 2498–2345 н. щ.

V Наслуялъул цогидаб хронология:

Ханлъиялъул заман: 2345–2181  н. щ.

VI Наслуялъул цогидаб хронология:

Заман: 2060–1802 н. щ., гъорлъе бачун XI ва XII Наслаби

Гьоркьохъеб ханлъиялъул цогидаб хронология:

Ханлъиялъул заман: 1991–1802 н. щ.

XII Наслуялъул цогидаб хронология:

Заман: 1550–1077 н. щ.. Гъорлъе бачуна XVIII, XIX ва XX Наслаби

ЦІияб ханлъиялъул хъцогидаб хронология:

Ханлъиялъул заман: 1550–1292 н. щ.

XVIII Наслуялъул цогидаб хронология:

Ханлъиялъул заман: 1292–1186 н. щ.

XIX Наслуялъул цогидаб хронология:

Ханлъиялъул заман: 1190–1077 н. щ.

XX Наслуялъул цогидаб хронология:

Заман: гІ.-ш. 664-332, гъорлъе рачуна XXVI, XXVII, XXVIII, XXIX, XXX, XXXI Наслаби

Хадусеб периодалъул цогидаб хронология:

ок. 722–332 н. щ. (гІ.-ш. 390 сон, включает XXV— XXX Наслаби ва 2-б Персазул период) — Э. Хорнунгида, Р. Крауссида ва Д. Уорбертонида рекъон.

Ханлъиялъул заман: 664–525 н.щ.

XXVI Наслуялъул цогидаб хронология:

Ханлъиялъул заман: 380–343 н. щ.

XXX Наслуялъул цогидаб хронология:




#Article 199: ЧІвазе къотІи (128 words)


ЧІвазе къотІи ккола тамихІ хІисабалда гІаданасул гІумру къотІизаби, жиб пачалихъалъ къануназдалъун ккураб ва жиб тІубазаби лъугьунеб махІкамалъул хІукмуялда яги цогидал пачалихъиял ва рагъулал гІуцІалабазул хІукмуялда.

Гьанжесе ругел гІемерисел социумалда чи чІвазе къотІи къануназдаса къватІиб бахъараб жолъун ккола, цогиял социумазда — къануназда жиб билъараб ва хІалтІизабулел цІакъго кІудиял къануназдаса рахъал ишал гьарурал чагІазе тамихІ хІисабалда.

Бищун дунялалда жакъа къоялъ хІалтІизарурел чІвазе къотІиялъул къагІидабилъун ккола гъанкъи ва речІчІун чІвай.

ЧІвазе къотІи ккола бищун некІсиял тамихІазул тайпаялъул цояблъун. Байбихьудаса гьеб бижана талионалъул принципазул реализация гьабиялдалъун: «бидухъ би». Гьеб принципалда рекъон, цоги чи чІварав чиясе бищун ритІухъаб тамихІлъун ккола чІвазе къотІи. Гьеб гуребги, кІудияб роль хІана гІемерисел жамагІатазда букІараб бидул рецІелалъул гІадатазги, жидеца хисулеб пачалихъалъ гІайибияв чІвазе къотІи.

Талионалъу принципал жиб зарар ккарасе кьоле гІарцул штрафалдалъун хисаниги, чІвазе къотІи цІунана гІемерисел пачалихъазда.




#Article 200: Анатомия (155 words)


Анато́мия (от  «цІидасан; тІаса» +  «къотІула, хъвалхьуна») — биологииялъул бутІа, дагьабги баян кьуни, морфологиялъул бутІа, жинца къаркъалаялъул, организмабазул ва гьезул бутІабазул (лугбузул) гІуцІи лъазабулеб текстусазул даражаялдаса тІадехун.

ГІелму хІисабалда анатомиялъ лъазабула организмалъул къватІисеб гІуцІи гуребги жанисеб формаги къаркъалаялде гъорлъе кколел лугбузул гІуцІиги. Гьанжесеб анатомилъул гІелмуялда анатомиял препаратазул суязул микроскопиялъул кумекалдалъун кІвана лъай щвеялъул гІурхъаби ггІатІид гьаризе ва морфологияб гІелмуялъул цоги аспект — микроскопиялъулаб анатомия — батІа гьабизе. Микроскопияб анатомиялъул цІикІкІараб хурхен буго текстусазул гІелмуялъулгун (ай, гистрлогиялъулгун,  — ххам, текстус), жинца текстусазул гІуцІиялъул, церетІеялъул къануназул ва гьабулел ишазул гІелмияб цІех-рех гьабулеб. Гьединг хурхен буго цитологиялъулгун ( — клетка). жинца клетка, гтелъул цебетІеялъул къанунал, гІуцІи лъазабулеб. Анатомиялъ, гистологиялъ, цитологиялъ ва эмбриологиялъ ( — зарраялъулъ бугеб) цадахъ гІуцІула гІаммаб гІелму — морфология ( — форма), организмалъул формаялъул, гІуцІиялъул ва цебетІеялъул хІакъалъулъ гІелму.

Жакъасеб анатомиялъул гІелмуялъул буго гІезегІан кІудияб гІадамасул ва хІайваназул каркъалаялъул гІуцІиялъул цІех-рех гьабулел къагІидабазул арсенал. ЦІех-рех гьариялъул къагІидаби рарал руго цІех-рехалъул мурадазда ва масъалабазда. КъагІидабазул руго:




#Article 201: Египеталъул анцІила микьабилеб Наслу (745 words)


Египеталъул анцІила микьабилеб насул, Тутмосидал (1550–1292 сонал н. щ.) — НекІсияб Египеталъул пиргІавназул бищун машгьурал наслабазул цояб. XVIII Наслуялъул ккола бищун къуватал пиргІавнал (гьездаго гъорлъ Тутмос III ТІадегІанавги), жидеца Египеталъул гІурхъаби гІатІид гьарурал ва империя гІуцІарал. Гьеб наслуялъул ккола чІужугІадан-пиргІавн ХІатшепсут. Цоги машгьурав пиргІавнлъун ккола Ахенатон, «пиргІавн-бидгІачи», жинца НекІсияб Египеталъул диналде инкар гьабурав, ва гьесул лъади Нефертити

Тутмосидазул ахирисев тахида вукІарав гІагарав чилъун ккола Тутанхамон, жиндир хоб-рукъ, 1922 соналъ Гьавард Картерица рагьараб, бищун кІудияб археологияб рагьилъун кколеб. Ай ва Хоремхеб гьединго рачуна XVIII Наслуялде гъорлъе.

XVIII Наслуялъул заманалда рарал руго Лукъсуралда Амунил кІалгІа, III Тутмосил магІбад ва ХІатшепсутил Джесер-джесерау.

XVIII наслуялъе кьучІ лъуна Камосил (цебесеб наслуялъул ахирисев пиргІавн) вац I АхІмосица. Гьес рагІалде бахъинабуна гиксосазде данде гьабулеб букІараб рагъул кампания ва тІубанго эркен гьабуна гьездаса Гъоркьияб Египет. I АхІмосил ханлъи рикІкІуна КІиабилеб хиси ккараб заманалъул ахирлъун ва ЦІияб ханлъиялъул байбихьилъун. I АхІмосидаса хадув ханлъуде вачІана гьесул вас АменхІотеп I, жиндир ханлъиялъул заманалда жаниб цогиязде данде ккун гІемер хиса-басиял ккечІев.

I АменхІотепил, батизе бегьулеб жо, вас вукІинчІо, ва гьесда хадусев пиргІавнлъун лъугьана Тутмос I, ханзабазул наслуялъулгун лъадудасан хурхен бугев. Гьес жиндир ханлъиялъул заманалда жаниб Египеталъул гІурхъаби гІатІид гьаруна шималияб рахъалдаса Фураталда бугеб Каркемиш шагьаралдаса бахъун жанубияб рахъалде Курусалда Нилалъул 4-б хІокІалде щвезегІан.

I Тутмосидаса хадув ханлъуде вачІана Тутмос II. Гьев хун хадуб ханлъиялъул иш кверде босана I Тутмосил яс ХІатшепсутица: цин гьитІинго вугев жиндирго росасул цогияй лъадуе гьавурав васасул (Тутмос III ТІадегІанав) регент хІисабалда ва хадуб жийго пиргІавн хІисабалда. Гьелъ ханлъи гьабуна 20-ялдаса цІикІкІун саназ.

ХІатшепсут хисун пиргІавнлъун вачІана Тутмос  III ТІадегІанав, жив Египеталъул бищун къуватав рагъулав цевехъан хІисабалда машгьурлъарав, гьес Азиялда гьарурал рагъулал кампанияз щула гьабуна Египеталъул кверщел, Египет лъугьана жиндир заманаялда бищун къуватаб империялъун.

III Тутмосил ханлъиялъул ахирисел саназда гьесда цадахъ ханлъи гьабуна гьесул вас II АменхІотепица, жив эмен хун хадув пиргІавнлъун лъугьарав. АменхІотеп II вукІана лага-черх къуватав, чІорбутІалъ речІчІун жиндихъе чи вахунарев пиргІавнлъун, бицен буго, гьесул лъидаго нахъе цІазе кІолареб чІорбутІ букІанин абун. Батизе рес буго, гьес Египеталъул империялъул гІурхъаби жанубияб рахъалде гІатІид гьари.

АменхІотеп II хун хадуб пиргІавнлъун лъугьана гьесул вас Тутмос IV, гьесда хадув вачІана вас АменхІотеп III, жиндир ханлъиялъул заман тІолабго XVIII наслуялъул къуваталъул ва гучалъул заваллъун лъугьана, гьесул заманалда гІумруялде рахъинаруна гІемерал архитектуриял проектал. Гьелъул рахъалъ III АменхІотепихъе вахуна цохІо XIX Наслуялъул Рамсес ТІадегІанав.

III АменхІотепил вас ва ирсилав Тутмос хеко хола ва гьесул бакІалда вачІуна АменхІотеп IV, жинца инсул ахирисел саназда гьесда цадахъ ханлъи гьабурав. Гьеб цадахъ ханлъи чан соналъ гьабурабали мухІканго лъаларо, цо-цо египтологаз рикІкІуна гьеб дагьабго заманалъ букІанин абун, цогида — 12 соналде щвезегІан букІанин абун; руго гьединаб цадахъ ханлъи букІинчІин абун рикІкІунелги.

Жиндир ханлъиялъул 5-б соналъ, IV АменхІотепица жиндирго цІар хисун босула Ахенатен абураб цІар (, Атоние мукагІалъи бугев), ва Уасет шагьаралъул бакІалда Египеталъул тахшагьарлъун гьабула цІияб бараб Ахетатон шагьар. Ахенатонил ханлъиялда жаниб гьес Атон (jtn? бакъул гор) лъугьинабула цин бищун тІадегІанаб илагьлъун, ва хадуб цохІо бугеб илагьлъун, бабйбихьула Ахенатонил диниял хиса-басиял, жидер хІасилалдалъун египтяназул гІадатазул дин нахъ чІвалев ва хутІарал илагьзабазул килисаби къалеб. Ахенатонил хиса-басиял хІакъикъияб монотеизмаялда бащад букІиналъул суалалда тІасан бахІсал жакъа къоялъги руго гІалимзабазда гьоркьор. Цо-цояз рикІкІуна Ахенатеница монотеистияб дин бахъанин абун, цогидаз — гьес цогидал илагьазул культал къинарун, Атонил культ бетераблъун гьабунин, амма гьебго заманалда цо-цо гІадатазул илагьаздасаги инкар ьабичІин абун.

Хадусел египтяназ Амарналъул период рикІкІунаан мекъе ккейлъун ва Ахенатенил хиса-басиял бидгІалъун ва гьересилъун. Ахенатен хун хадуб рукІарал лъугьа-бахъинал руго ричІчІуралел. Лъала Сменхкара ва Нефернеферуатен абулел цІарал ругел чагІи, амма гьезул роль ва тарихалда жаниб бакІ руго жидеда тІасан бахІал лъугІичІел суалалъун. Нефернеферуатен йикІун ятизе бегьула Ахенатенил кІудияй лъади Нефертитилъун, Нефернеферуатен абулеб тах цІаралда гъоркь къокъаб заманалъ ханлъи гьабурай.

XVIII Наслуялда гІагарлъиялъулаб хурхен бугев пиргІавн ккола Тутанхамун, жиндир ханлъиялъул заман цІакъ къокъав; гьев гІолохъанго хола. Гьесул заманалда Ахетатон шагьар рехун тола, Ахенатенил диниял хиса-басиял нахъчІвала. 

XXVIII Наслуялъул ахирисев кІиго пиргІавн — Ай ва ХІоремхІаб — бетІерлъуде рачІуна лъимал гьечІого хварав Тутанхамунида хадур. Гьев кІиявго вукІуна ханзабазул хІакимзабазда гьоркьоса. Ай гьединго вукІун ватизе бегьула Ахенатенил имгІаллъун эбелалъул рахъалдасан.

Айица чІужун ячун йикІун ятизе бегьула Анхесенамун, Тутанхамунил бесдал яц ва лъади, жиндихъего ханлъи щвеялъе гІоло; гьей гьелдаса хадуб хеко хола, ва Айица ячуна Тэи, жий Нефертитил рахьдал эбеллъун йикІарай.

Айил ханлъи халат бахъунаро. Гьесдаса хадуб ханлъуде вачІуна ХІоремхІаб, Тутанхамунил аскаразул цевехъан, жив ирсилавлъун гьавизе Тутанхамунада ракІалда вукІарав. Батизе бегьула, гьес Ай тІаса рехи. ХІоремхІабице байбихьула пачалихъалъул иш рукІалиде бачине, гьес гьабула чанго рагъул сапар ва хеттазде данде рагъ, ГІагараб Машрикъалда Египеталъул кверщел, жиб Ахенатенил заманалда загІиплъараб, букІадахъин гьабизе.

ХІоремхІаб хола лъимал гьечІого, жиндирго ирсилавлъул вазир Рамсес лъазе гьабун. Рамсес I вачІуна ханлъуде н. щ. 1292 соналъ ва гьесдаса байбихьула XIX Наслу.

ГІурус мацІалда:




#Article 202: Абидосалъул сияхІ (Рамсес ТІадегІанав) (180 words)


Абидосалъул сияхІ яги Абидосалъул таблица — пиргІавназул цІаразул сияхІ, Рамсес ТІадегІанасесул хІарамалдаса. Гьединабго I Сетил хІарамалдаса сияхІалда релъараб, амма гьелдаса квеш цІунун хутІараб. Жакъа къоялъ цІунун буго Лондоналда Британиялъул музеялда, жиндие гьеб сияхІ 1837 соналъ щвараб.

СияхІ батана I Сетил хІарамалъул сияхІалдаса цебе Арабат-ал-Мафдун абулеб бакІалда, Нилалъул квегІаб рагІалда жиб бугеб. СияхІ къададаса батІа гьабуна Алискандериялда вукІарав паранс генералияв консул Жан Франсуа Мимоца ().

Абидос шагьаралъул хІарамалда  II Рамсесица гьабун буго хъвай-хъвагІи, жинца умумузе хІурмат гьабулеб. Киналго умумузул цІар букІун буго кІикъоялда анцІиде гІунтІун, амма гьезул хвечІого хутІун буго лъебергоялдаса цІикІкІинчІеб къадар; живго Рамсесил картушалъул буго 28 такрарлъи. Умумул сияхІалда рехсон руго тІаса рищун, гьелъие гІилла лъалаеб гьечІо, таблицаяялъул байбихьи хун буго. Умумл рехсолаго, XVIII Наслуялъул пиргІавназул цІараздаса гьел рехсей унеб буго XII Наслуялъул пиргІавназде, гьеб кІиябго наслуялъул хурхен гьабиялъул хІисабалда. Хадуб буго, жал дагьалги церегІан рукІарал, 14 пиргІавнасул картуш.

Таблицаялъ кумек гьабуна Жан-Франсуа Шампольоние XVIII Наслуялъулъул пиргІавназул тартиб гьабизе ва хадуб Карл Лепсиусие Аменемхет ва Сенусрет цІарал Манефоница рехсон бугеб XII Наслуялъул пиргІавналгун данде ккезаризе. Таблицаялъул кьучІаб хІалалда хал-шал гьабуна Шарл Теодюл Девериа () ва Эммануэль Руже () египтологаз.




#Article 203: Абидосалъул сияхІ (223 words)


Абидосалъул сияхІ — НекІсияб Египеталъул пиргІавназул сияхІ, жиб Абидусалда I Сетил хІарамалъул къадада бекІкІун гьабураб. СияхІалда буго 76 пиргІавнасул картушалда жаниб хъвараб цІар, Менесидаса бахъараб I Сетиде щвезегІан. СияхІ батан Мариетида. Гьелдаса цебе батараб ва дагьабги квеш цІунун хутІараб гьединабго Рамсесил хІарамалдаса сияхІалде данде ккун, гьаб сияхІалда абула «цІияб Абидоссалъул таблица» абун (la nouvelle table d’Abydos).

Ункъго цойги ханзабазул сияхІалда цадахъ (Палермоялъул гІамачІ, Карнакалъул сияхІ, Саккараялъул сияхІ, Туриналъул ханзабазул сияхІ) Абидусалъул сияхІ ккола пиргІавназул ханлъиялъул тартиб чІезабиялъе цІакъ кІвар бугеб иццлъун.

СияхІ буго I Сетил Абидусалда бугеб хІарамалъул ханзабазул галереялъул жанахІалъул жанубияб къадада. Гьелъул байбихбуда вуго вахъун Сети I ва гьесул вас ва ирсилав Рамсес.

ПиргІавназул ханлъиялъул тартиб, хасго Басрияб ханлъиялъул пиргІавназул, бихьизаби гуребги, сияхІалда рехсон руго VII ва VIII наслабазул гІемерисел пиргІавназул цІарал, ва гьелъ сияхІалъул кІудияб кІвар буго.

СияхІалда гьечІо I ва II хиси ккараб заманалъул пиргІавназул ва гиксосазул цІарал. ГьечІо гьединго XVIII наслуялъул хадусев 5 пиргІавнасул цІар:

Ахирисев лъабго пиргІавнасул цІар гьечІолъиялъул гІилла буго гел гьединго Амарнаялъул периодалда ва Ахенатенида хурхарал рукІин ва бидгІачагІи хІисабалда нагІана кьун тарал рукІин.

СияхІ гІуцІун буго лъабго кьералъ, щибалда 38 картуш бугеб. КІиго тІасияб кьералда. КІиго тІасияб кьералда руго пиргІавназул цІарал, щибабсул цо-цо, жал ханлъи гьабиялъул тартибалда рекъон, сияхІалъул тІасияб мухъалъул квегІидаса байбихьун ругел.

Картушазул 3-б кьер буго сияхІалъул графикияб ахир. Гьеб фризалда руго цохІо I Сетил кІиябго цІаралъул (жиндирго ва тах цІаралъул) картушал:




#Article 204: Саккараялъул сияхІ (100 words)


Саккараялъул сияхІ ккола ганчІида бекІкІун гьабураб сияхІ, жинда пиргІавназул цІарал рехсон ругел. СияхІ батана 1861 соналъ Саккараялда, Тунари абулев Рамсес ТадегІанасесул хІакимчиясул (киналго ханасулал памятниказда тІад хІалтІиялъул бетІерав) хоб-рукъалъуб.

СияхІалда рехсон буго 58 пиргІавнасул цІар, Анеджибидасаги КъагІадасаги (I Наслу) бахъараб II Рамсесиде щвезегІан (XIX наслу), тартиб буго гІаксаб, ай, сияхІалда тІоцебесеб цІар буго II Рамсесил. Гьединго сияхІалда гьоркьор риччан руго КІиабилеб хиси ккараб заманалъул пиргІавнал, гиксосазул ханзаби ва Ахенатенида хурхен бугел пиргІавнал. Щибав пиргІавнасул цІар хъван буго картушалда жаниб. Кинабниги 58 цІаралъул хвечІого хутІун буго 47.

ЦІарал рехсон руго гІаксаб хронологияб тартибалда тІасияб кьералъул кваранаб рахъалдаса гъоркьияб кьералъул квегІаб рахъалде.




#Article 205: АхІмос I (1636 words)


АхІмос I (, абулеб къагІидаялъул реконструкция /ʔaʀaħ'ma:sjə/ (ЕГь), Египтологиялда цІалулеб къагІида АхІмос, цо-цо хъвалеб къагІида Амосис I, Аменес ва АахІмес, цІаралъул магІна «ИахІ (моцІ) бижана») — НекІсияб Египеталъул пиргІавн ва XVIII наслуялъе кьучІ лъурав. Гьев ккола Уасеталъул ханзабазул наслуялъул чилъун, II Секъененра ТагІал васлъун ва XVII наслуялъул ахирисев пиргІавн Камосил вацлъун. АхІмосил кІудияв инсул ва инсул ханлъиялъул заманлада, Уасет данде бахъуна Гъоркьияб Египеталда ханлъи гьабун рукІарал гьиксосазде данде. Гьесие анкьго сон бугеб мехалда, чІвала гьесул эмен, гьелдаса лъабго сон индал, лъалареб гІиллаялдалъун къадар щола гьесул вац Камосие, жинца ханлъи лъабго соналъ гурони гьабичІев. АхІмос I ханлъуде вачІун вац хун хадуб, 10 сон бугеб мехалъ, ва коронациялдаса хадуб гьесие кьола цІар -- «Рал къуватлъул бетІер» абураб магІна бугеб.

Жиндир ханлъиялъул заманалда жаниб, АхІмосица рагІалде бахъинабула гьиксосазде данде гьабулеб букІараб рагъ, гьел щущахъ риххизарула, эркен гьабула гьездаса Гъоркьияб Египет, Уасеталъул нухмалъиялде гъоркье бачуна тІолабго Египет, гьелъул кверщаликье нахъруссинарула жиндирго рукІарал Нубия ва КанагІан. Хадуб АхІмосица гьабула пачалихъияб администрациялъул реорганизация, рагьула магІданал рахъулеб цІиял бакІал, даран-базаралъе нухал ва байбихьула Гьоркьохъеб ханлъиялъул заманалдасаго гьарурел рукІинчІел архитектуриял проектал рай. Гьеб хІаракаталъул заваллъун ккола египтяназ ахирисеб пирамида бай. АхІмосица ханлъиялъул заман ккола жиндир заманалда Египеталъул къуват ва цебетІей завалалде бахараб империялъе кьучІлъун.

I АхІмосил ханлъиялъул заманаялъе гьабизе бегьула гІезегІан мухІканаб датировка гьесул ирсиласул заманалда букІараб Сириусалъул гелиактикияб баккиги хІисабалде босун, амма гьелда хадуб балагьи гьабун букІараб бакІалда хурхун бахІсал рукІиналъ, I АхІмосил ханлъиялъул заманлъе батІи-батІиял иццазда рекъон  рихьизарулел санал ккола  1570–1546, 1560–1537, 1551–1527 ва 1539–1514 санал нилъеде щвелалде. Манефоница АхІмосил ханлъиялъе кьола 25 сонги 4 моцІги (амма Манефоница наслуялъул тІоцевесев пиргІавн Тетмосис абураб цІаралда рехсон вукІиналъ, батизе бегьулеб жо буго гьес батІияв рехсолев вукІин). Гьеб тарих ритуІхъ гьабула Тураялъул гамачІ бахъулел бакІазда батараб хъвай-хъвагІиялъ, жинда АхІмосил ханлъиялъул 22 сон рехсон бугеб. АхІмосил мумиялъул гьабураб медикияб хал-шалалъ чІезабуна гьев  35 сонил гІужалда накълулъи, гьелъ ритІухъ гьабула гьес 25 соналъ ханлъи гьаби (гьев 10 сон бараб мехалъ ханлъуде вачІинги хІисабалде босун). Гьесул ханлъиялъул байбихьялъе радиокарбониял къо-моцІазул диапазон чІезабуна 1570–1544 н. щ., гьезул гьоркьохъеблъунги ккола 1557  н. щ. Артур Вейгаллида рекъон, I АхІмосил ханлъиялъул заман ккола гьединго 25 сон (1576–1551 . н. щ.).

АхІмосил ханлъиялъе батІияб заманалъул къотІел (1194–1170 н. щ.) бихьизабуна Давид Ролица, амма гьеб нахъчІвана гІемерисел египтологаз 2010 соналъ радиокарбонияб анализалъул хІасилалъул публикация гьабилалдего.

Уасеталда ругел пиргІавназдаги ва гьиксосазул хан Апепида гьоркьоб рагъ байбихьана I АхІмесил эмен Секъененра ТагІал заманалда ва лъебергогІан соналъ халатбахъана, гьеб рагъ, гьиксосалги щущахъ риххизарун, лъугІизабуна I АхІмосица. РикІкІуна Секъененра ТагІа гьиксосазулгун рагъулъ чІванин абун, гьелъие хІужжалъун буго гьесул мумялда ругел гІемерал къотІарал ругъназ. Секъенера ТагІал ирсилав Камосица (АхІмесил кІудияв вацлъцн ватизе бегьула), лъалеб жо, чанго нухалъу тІаде кІанцІана гьиксосазул тахшагьар Аварисалда сверун сверун ругел ракьазде. Камосил ханлъи къокъаб букІун батизе буго, щай гурого гьесул ханлъиялъул жиндие хІужжаби ругеб сонлъун ккола 3-б сон. Гьев хисун вачІуна I АхІмос. Гьебго заманалда хун ватизе вуго Апепиги. КІиго ханазазулаб цІар — Аусерра ва Акъениенра — жал тарихиял иццазда Апепие рехсон ругел, ккола цого ханасул цІараллъун, гьел хІалтІизарулаан АхІмлосил тушбабаз батІи-батІияб заманаз гьесул ханлъиялъул заманалда жаниб.

I АхІмос ханлъуде вачІуна жеги лъимерлъуда вукІаго ва гьев балугълъиялде вахинегІан, регентлъун йикІуна гьесул эбел АхІхІотеп. Гьелъул Египеталъе нухмалъи гьабулеб букІараб заманалъ рукІарал ролазул (гьенибго хІурматияб титул Египеталъе вакиллъи гьабуей) сипатазда рекъон, АхІмос балугълъиялде вахиналде, гьелъ кІудияб асаралда гьабула Уасеталъул аристократиялъул консолидация. ХІакъикъаталда, Апепи II вукІун ватани I Апепил ирсилавлъун, гьев АхІхІотепица регентлъиялъул заманалда Дельтаялде нахъе къазавула, гьелъи хІужжалъунги буго Бубастис шагьаралдаса жанубияб рахъалда цониги монументазда гьесул цІар тІокІалъ гьечІолъи

Гьиксосазда тІад бергьенлъи босун хадуб, АхІмосица байбихьана Шамалда ва Нубиялда рагъул кампаниял. Гьесул 22-б соналъул кампания щола Шамалда бугеб Джахи абулел ракьалде ва, батизе бегьулеб жо, Фурат гІоралде щвезегІанги, амма гІемерисеб Фурат гІоралде щвезегІан рагъул сапарал гьарурав пиргІавнлъун рикІкІуна Тутмос I. БукІаниги, АхІмосица кверщаликье рачуна Къедем абулеб бакІги (рикІкІуна Библосалда аскІоб букІанин абун) ва гьелде щвезегІан ругел ракьалги, гьелъие нугІлъи гьабула гьесул хъизан АхІмос-Нефертарил хоб-рокъоб батараб остраконалъ. Гьеб кампаниялъул киналниги лъугьа-бахъинал мухІканго лъалел гьечІо, щай абуни информациялъул аслияб  иццлъун вукІараб Ибанал вас АхІмосица, жив рагъулаб флоталда хъулухъалда вукІарав, гьеб ракъдада гьабураб рагъул сапаралда гІахьаллъи гьабичІолъиялъ. Амма Шималияб КанагІаналда гьарурал археологиял рухъа-хъваязда рекъон абизе бегьула н. щ. XVI гІасруялда АхІмосида ва гьесде гІагарал ирсилазда ракІалда букІанин КанагІан бахъизе гуреб, амма гьиксосазул хІакимлъи тІубан тІагІинабизе. Гьенир гІемерисел бакІал гьеб заманалда чІунтизаруна ва чІорого гьарун руго ва хадур цІи гьарун гьечІо — гьеб хІалтІи ракьал рахъизе ва мукІур гьаруразда тІад магъало лъезе ракІалда бугел пиргІавназ гьабулароан.

I АхІмосица Нубиялда гьарурал кампаниязул документация гьабун буго дагьабги лъикІ. ТІоцебесеб Нубиялъул кампания лъугІун гІемерго заман иналде, Аата абун жинда цІар бугев нубиясул бетІерлъуда гъоркь байбихьула нубиял АхІмосиде данде рахъин, амма гьел гъурула. Гьелдаса хадуб Уасеталде данде чІарав египтянас, Течен абун жинда цІар букІав, Нубиялда ракІарула пиргІавнасде данде гІемерал чагІи, амма гьелги гъурула. АхІмосица Египеталъул Нубиялда тІад букІараб кверщел букІадахъин гьабула, гьеб цІуни ва гьелда хадуб хал кквей тІалъула Бухеналда гьабураб цІияб административияб марказалда. Батизе буго, Египеталъул Нубиялда тІад миллияб хІакимлъи гьабун хадуб, АхІмосица жиндие ва жиндаса цере рукІарал пиргІавназе кумек ва квербакъи гьарурал амирзабазе ва гьезул тухумазе шапакъатал гьари.

АхІмосил заманалда, ТІасияб ва Гъоркьияб Египет цІидасан цолъидал, байбихьана монтументал раязе ва искусствоялъе квер бакъи гьаби. Документазда рекъон, АхІмосица кинабниги пачалихъалъе тІаде бачІунеб бечелъиялъул 10 бутІа гьабун цо бутІа буссинабуна магІбадазде ва илагьазе лъаглъи гьабиялъе, монументал рай цІи гьабиялъе ва искусство цебетІеялъе. Гьиксосазда тІад бергьенлъи боси АхІмосил ханлъиялъул ахиралда гІадин букІиндал, гьесул монументал ралел проектазул халалъи букІана 7 соналдаса цІикІкІинчІеб, ва гІемерисел гьес разе байбихьарал монументал рагІалде рахъинарун ратизе бегьула гьесул вас ва ирсилав I АменхІотепица.

Гьесул ханлъиялъул заманалда устарзабаз гьарурал хІалтІаби руко цебе букІараб кІиабилеб хиси ккараб заманалъул хІалтІабаздаса  дагьалги мухІканал, амма цо-цо Басрияб ва Гьоркьохъеб ханлъиялда гьарурал махщалилал хІалтІабаздаса къурал. Египетги цолъизабун, Нубиялда тІад кверщелги гьабун хадуб, египтянязе щола ТІасияб Египеталдаса щоларел рукІарал сурсатал. Нубиялдаса бачІине байбихьула месед ва гІарац, лазурит гьоркьохъеб Азиялъул батІи-батІиял бакІаздаса, кедралъул цІул Джубайлалдаса. Синаялда рагьула СарабитІ ал-Хадималда пируз бахъулел бакІал. Криталда ва Египеталда гьоркьор рукІарал хурхеназул хІакъалъулъ мухІканго лъалеб гьечІо, амма цо-цо Криталда хурхарал суратал ратана гьеб заманалъул монументазда, ва Египеталъ рикІкІунаан Эгей рагъдал регион жиндирго империялъул бутІалъун. АхІмосица цІидасан рагьула Тураялда монументал разе хІалтІизабулеб гачилгамачІ бахъулеб бакІ; гьениб батараб хъвай-хъвагІиялда рекъон, гьениса гамачІ баччизе хІалтІизарулаан Финикиялдаса оцал.

АхІмосил ханлъиялъул заманалъул искусствоялъ такрар гьабула Гьоркьохъеб ханлъиялъул заманалъул ханзабазулаб Уасеталъул стиль, гьеб заманалъул стеллабазул руго цого сипатал. Гьелъ бихьизабиулеб батизе буго консервативияб тенденция гьиксосазда цебесеб периодалъул модаялде бугеб. БукІаниги, живго I АхІмосил абун идентификация гьабураб статуя буго лъабго: цояб — шабти, цІунун буго жакъа къоялъ Британиялъул музеялда, гьеб статуя рикІкІуна АхІмосил хоб-рукъалъуса бугин абун, амма хоб-рукъалде тІаде археологал жеги ккечІо; ва кІиго статуя гІадамасул борхалъиялда гьабураб, гтезкл цояб буго Нью-Йоркалъул Метрополитен музеялда, цогидаб — Хартумалъул музеялда. Шотландиялъул миллияб музеялда бугеб гачилганчІил гьабураб сфинксалъул статуя, стилалде балагьун, гьединго рикІкІуна I АхІмосил бугин абун

РикІкІуна I АхІмосил заманалда Египеталда байбихьанин цІвер гьаби цебе тІезе абун. ЦІвералъул бищун басриял мисалал ратизе руго фаянс гьабулаго дефект лъугьарал жаллъун, жибго цІвер гьаби букІичІо XVIII наслуялде щвезегІан. Гьеб заманалъул бищун басриял цІвералъул маххазда руго АхІмосил ва АменхІотепил цІарал, ва хъвай-хъвагІиялъул къагІида буго гьезул ханлъиялъул заманаялъ букІараб къагІидаялда релъараб. ЦІвер гьаби I АхІмосиде щвелалде букІунги батичІони, тІоцересел цІорол тІагІалабазе датировка I АменхІотепил заманалдаса кватІунги гьабичІони, цІвер гьаби ургъун батизе буго цо чияс. 

АхІмосица байбихьула кІиабилеб хиси ккараб заманалде щвелалде гьарулел рукІарал архитектуриял проектал гьари цІи гьабизе. Улкаялъул жанубияб рахъалда байбихьула магІбадал гьаризе, аслияб къагІидаялъ кирпичазул, гьединеб цо магІбад бан буго Нубиялъул Бухен шагьаралда. ТІасияб Египеталда Карнакалда бугеб Амунил ва Арманталда бугеб Монтул магІбадал тІадего рана. Тураялда бугеб хъвай-хъвагІиялда рекъон, АхІмесица хІалтІизабулаан хъахІаб гачигамачІ ПтахІие магІбад базеги ва Амуние жанубиял хІарем базеги, амма гьеб кІиябго проект лъугІизабичІо. Абидусалда жиндирго кІодоэбел Тетишерие бана кенотаф.

Аварис шагьар букІараб бакІалда Манфред Битакица гьарурал археологиял рухъа-хъваяз бихьизабуна I АхІмосил гьиксосазул шагьаралъу бакІалда бараб кІалгІа букІин. Битакида батана Миноялъул фрескабазул бутІаби, жал кІалгІаялъул къадазда ккун рукІарал; рукІана гІемерал батІи-батІиял пикраби Эгейялъул цивилизациялъул даран-базаралдаги искусствоялдаги букІараб ролалда хурхун.

АхІмоосил ханлъиялда, Уасет шагьар, Гьоркьохъеб ханлъиялъул байбихьуда гІадин, цІидасан лъугьуна тІолго Египеталъул тахшагьарлъун. Гьедин гьеб шагьар лъугьуна цІигьабураб ватІанчилъияб хъулухъалъул центрлъун, хІажаталлъун лъугьана къаламчагІи ва лъай бугел, ханхабазул архивал цІезе байбихьана такърираздалъун ва хІисабаздалъун. Уасет тахшагьарлъун бищиялъе гІиллалъун букІун батизе ккола гьелъу бугеб бакІ стратегиялъул рахъалъ лъикІаб букІин: гьеб букІана пачалихъалъул бакьулъ, гьенисан гьаруна АхІмосица рагъал шималияб рахъалда гьиксосазде, жанубияб рахъалда хІабашиязде данде, ва хадубги, гьеб кІиябго рахъалде рагъул сапар гьаризе санагІалъи букІин.

Бищун кІвар бугеб хиса-баси ккала динияб рахъалдаги: Уасет шагьар байбихьана лъугьине пачалихъалъул сиясатияб гуребги динияб центрлъунги, бакІалъул илагьлъун вукІарав Амун, жинда АхІмосица гьиксосазда тІад ккурал бергьенлъаби хурхинарурав, байбихьана лъугьине тІолго египеталъул илагьлъун. Карнакалъул магІбадалъул комплексалъул (жиб Уасеталъу шималияб рахъалда Нилалъул бакъбаккудехун бугеб рагІалда букІараб) кІвар цІикІкІине байбихьула, цебе букІараб Ра илагьасул культ, жиндир аслияб бакІ Гелиополалда букІараб, загІиплъула.

Карнакалда чанго стела, жидеда тІад АхІмосица гьарурал хІалтІабазул хІакъалъун хъвай-хъвагІиял ругел, гьезул кІигоялъ АхІмос вихьизавун вуго магІбадалъул вакиллъун. Цояб стелаялда, жиб бураналъул стела абун машгьураб, рехсон буго АхІмосица жинда цере рукІаразул кІудияб бураналъ риххизарурал пирамидаби цІи гьари. Цо-цо гІалимзабаз рикІкІуна Бураналъул стелаялда рехсон бугеб кІудияб бураналъ пирамидаби риххизари рикІкІуна Миноялъул вулкан кІанцІиялда хурхараб бугин абун.

АхІмос вукІана Уасеталъулаб XVII наслуялъул чилъун. Гьесул кІудияв эмен Сенахтенра АхІмосиил ва кІудияй эбел Тетишерил рукІана анцІила кІиде гІунтІун гІемерал, гьезул Секъененра ТагІал ва I АхІхІотепил васлъун ккола Камос ва АхІмос I, гьезул йикІана цо чанго яцги. ГІадаталда рекъон, АхІмосица ячуна жиндирго яц АхІмос-Нефертари ва гьаюла гьей кІудияй чІужулъун. Гьезул лъималлъун ккола ясал Меритамун B, Ситамун A ва васал Сиамун А, АхІмос-гІанх, АменхІотеп I ва Рамос А (цІаразда цадахъ ругел А ва B ккола шартІиял гІаламаталъун, жал египтологаз цого цІар бугел пиргІавнасул лъимал ва лъудби ратІа гьаризе хІалтІизарулел). АхІмосил яслъун йикІун ятизе бегьуле Мутнофретги, жий I Тутмосил лъадилъун яхъарай. I АхІмосил тІоцевесев ирсилавлъун вукІана АхІмос-гІанх, амма гьев хола инсудаса цеве, гьесул ханлъиялъул 17-б ва 22-б саназда гьоркьоб заманалд. АхІмосидаса хадув ханлъуде вачІуна гьесул вас АменхІотеп I, жица инсуда цадахъ къокъаб заманалъ ханлъи гьабун батизе бегьулев.

XVII ва XVIII наслабазда гьоркьоб цоцадаса тІей букІинчІо. Жив Птолемеязул заманалда вукІарав тарихчи Манефоница рикІкІунаан гьиксосаздаса Египет эркен гьаби, гьел Египеталде рачІун хадуб нусго сон индал, ва тІолго Египеталда египтяназул миллияб хІакимлъи букІадахъин гьаби цІакъ кІвар бугеб лъугьа бахъинлъун, жиндалъун цІияб наслу байбихьизе.




#Article 206: Россиялъул икълимазул халкъазул къадарал (102 words)


Список субъектов Российской Федерации, отсортированный по численности населения по состоянию на 1 января  года с приведением данных о городском и сельском населении (и их удельном весе, в %), а также о средней плотности населения (в чел./км²).

Ниже приведены данные о численности населения субъектов Российской Федерации (до 1990-х годов — регионов РСФСР в рамках СССР) в современных границах по итогам Всесоюзных переписей населения 1959, 1970, 1979, 1989 годов (наличное Халкъалъул къадар), Всероссийских переписей населения 2002, 2010 годов (постоянное Халкъалъул къадар) и по данным текущего учёта постоянного населения на 1 января 2013, 1 января 2014, 1 января 2015, 1 января 2016,  1 января 2017 годов.				
		

																
																

																	




#Article 207: Трампил ракълил план (177 words)


ГІагараб бакъбаккуда ракълие Трампица лъураб план (къокъго «Трампил ракълил план» (, «ГІасруялъул къотІи-къай») — гьеб ккола АЦШялъул президент Доналд Трампил администрациялъ ПилистІиналда ва ГІизраилалда гьоркьоб бугеб дандеккунгутІи лъугІизабизе ва гьеб кІиябго пачалихъ цоцаца рикІкІиналъе лъураб план. «ТІегьаялъе гІоло рекъел. ПилистІиниязул ва жугьутІазул гІумру лъикІ лъугьунеб куц бихьи» абураб цІаралда гъоркь хъвараб документ Вашингтоналда цебе лъуна президент Трампица ГІизраилалъул премер-министр Бинямин Нетаняхугун цадахъ ва ХъахІаб Рукъалъул сайталде борхана гьеб 2020 соналъул 28 январалда. План хъван буго 180 гьумералда ва гІуцІун буго кІиго бутІаялдасан: экономикияб ва сиясияб. Документалъ жанибе бачуна, Байтул Макъдисалъул статусалъул, гьеб кІиябго пачалихъалъул гІорхъаби чІезабиялъул, экономика цебе тІеялъул мурадалда пачалихъазе биччазе бугеб гІарцул кумекалъул, хІинкъи гьечІолъиялъул суалазул, Гъаза бутІаялъул статусалъул, асирзабазул ва лъутун аразул къисматалъул, жугьутІалги пилистІиниялги цоцаца рикІкІиналъул ва гьезда гьоркьор ругел разилъунгутІаби ва хадубккун ракълида хурхун гара-чІвари гьабиялъул къагІидаялъул хъвараб 23 къотІел. Планалда гьоркьоб лъун руго картаби ва рагъулал щулалъаби гьари гьукъиялъулгун хІинкъи букІунгутІиялъе лъурал баяналги.

АЦШялъул администрациялъ ракълилаб палн гІуцІизе байбихьана 2017 соналъ. Гьелда тІад хІалтІи гьабизе ва гьеб цебехун иналъе кІвар кьезе тІад къана АЦШядъул президентасул гІакълучи Джаред Кушнерида ва президентасул кумекчи Джейсон Гринблатида.




#Article 208: Хириясул ГІалибек (152 words)


Хириясул ГІалибег (1805–5 июл, 1839) — аваразул рагъул цевехъан, Имам Шамилил наиб ва гьесдаса цере рукІарал кІиявго имамасул цадахъчи, Аваристаналъул наиб.

ГІалибек гьавуна 1805 соналъ рагъухъабазул хъизаналда, Аваристаналъул тахшагьаралда. Гьесул эмен Хириясулав ва кІудияв эмен Чупан рукІана КІудияв ГІумаханил ханлъиялъул заманалда Аваристаналъул аскаразул церехъабилъун. Рагъ хІалуцинегІан ГІалибег хІалтІулев вукІана ГІочІло росдал къадилъун, хадув гьев тІамуна Рихьуни росдал къадилъун. Кавказалда эркенлъи цІуниялъул рагъ байбихьидал, ГІалибекица цин ккуна ГъазимухІамадил рахъ, гьев хведал, ХІамзат-бекил рахъги. 1834 соналъ Шамил имамлъун вищидал, ГІалибег Шамилица тІамуна хунздерил наиблъун ва гьесда тІадкъана цо хунздерил боялъе бетІерлъи гьаби.

ГІалибекица бахІарчилъи бихьизабуна генерал Фезил Авар экспедициялда, гьесул рагъухъабаз нахъчІвана гІурусазул Аргъвани тІаде кІанцІи, гІахьаллъи гьабуна ГІашилтІа рукІарал рагъазулъ.

ГІалибек щварал ругънадасан хола 5 июлалъ, кІиго къоялдасан бахъула Сурхайил си, гьеб цунун рукІаралщинал топханадул гуллида гъоркь хун хадуб. Гьеб щулалъи бахъиялъ тІолго рагъалъул ахир баян гьабула, жеги лъабгогІанасеб моцІидасан АхІулгохІги бахъула (22 август, 1839 сон). Гьенивго, си цІунун рукІаразда цадахъ вукъула ГІалибегги.




#Article 209: ГІараб алипба (513 words)


ГІараб алипба (,  or , ), ялъуни ГІараб абджадия, буго гІараб хъвай-хъвагІиялда гІуцІараб алипба, жиндие гІараб мацІалда хъвадаризе кодификация гьабураб. Хъвай-хъвагІи буго кваранидаса квегІиде курсивалдалъун ва гьелде гъорлъ буго 28 хІарп. ГІемерисел хІарпазул руго контекстиял хъвалел къагІидаби.

ГІараб алипба рикІкІуна абджадиятлъун, ай жинда гъорлъ гІицІго рагьукъал гьаркьал (консонантал) рихьизарулел хІарпал хІалтІизабулеблъун, гьединго рикІкІуна гІараб алипба жубараб абджадиятлъун кколин абунги.

Цогидал журарал абджадиятазда гІадин къаламчагІаза рахъана рагьарал гьаркьал рихьизаризе хасал хІаракаби ва диакритикал.

Аслияб гІараб алипбаялда буго 28 хІарп. 

Цогидал мацІазе дандеккезабун гьабураб гІараб хъвай-хъвагІиялде тІаде журан ялъуни тІаса рахъун руго чанго хІарп, мисалалъе, парс, гІусманияб турк, курд, урду, синди, малай, пушту, арви ва малаялам мацІазда. ГІараб хІарпазул гьечІо бетІераб ва бетІераб гуреб формаби.

ГІемералго хІарпал руго цоцазда релълъарал, амма жал бакъулъ ругел бутІабазда тІад ялъуни гъоркь ругел тІанкІаздалъун (нукъдабаздалъун) ратІарахъулел. Гьел тІанкІал ккола хІарпазул ратІатІоларел гІаламаталлъун, жидеца батІи-батІиял гьаркьал кьолел хІарпал цоцадаса ратІа гьарурел. Мисалалъе, ب (b), ت (t) ва ث (th) хІарпазул буго цого аслияб куц-мухъ, амма руго тІанкІал: цояб гъоркь, кІиго тІаса ва лъабго тІаса; ن (n) хІарпалъул байбихьуда ва гьоркьоб хъвалеб къагІида буго цого тІаса цо тІанкІгун, батІаго ва ахиралда хъ валел къагІидаби руго батІиял. 

ГІараб хІарпазул басмаялъул ва кверзул хъвалеб къагІида ккола курсивлъун, рагІиялда жаниб гІемерисел хІарпазул букІуна аскІор ругезулгун бухьен.

ГІараб алипбаялъул хІарпазул буго кІиго батІияб тартиб (коллация): абджадия ва гьиджаи (алифбаи). 

Оригиналияб абджадия () таритиб, жиб  хІалтІизабулеб, лъугьараб буго финикъияб алипбаялъул тартибалдаса, ва гьелъ гьеб релълъараб буго финикъияб алипбаялдаса лъугьарал цогидал алипбаязул тартибалда, мисалалъе, гьибрит алипбаялъул тартибалда. Гьеб тартибалда хІарпал гьединго хІалтІизарула цифраби хІисабалдаги, Абджадияталъул цифрабазул буго гьибрит гематриялъулги грек изопсефиялъулги гІадаб алипбагун цифрабазулаб код/шифр

Гьиджаи () ялъуни алифбаи () буго гьанжесеб тартиб, жинда жаниб хІарпал куц-мухъалда рекъон цадахъ лъурал, гьеб тартиб хІалтІизабула, телефоназул тІахьал, къамусал гІадал цІаразул ва рагІабазул сияхІазда.

Абджади тартиб кколаро цебесеб шималияб семит алипбаялъул тартибалъул гІадатияб ирсилаблъун, гьелда жаниб буго бакІ, жиб арамияб  самех/семкат  хІарпалъе данде кколеб, амма гьеб арамияб хІарпалдаса лъугьараб цониги хІарп гьечІо гІараб алипбаялда. Самех тІагІиналъул бакІалде ש шин хІарпалдаса лъугьана кІиго цоцада рачІел гІараб хІарпал,   (шин) ва  (син), жал самехалъул бакІалде рачІарал. Анлъго цогидаб хІарп, жидер аналогал цониги шималияб алипалда гьечІел, лъун руго ахиралда

Гьелъул вокализация гІемерисеб гьабула хадусеб къагІидаялъ:

Цогидаб вокализация:

Гьелъул вокализация гьабизе бегьула:

Гьанжесел къамусазда ва баянтІахьазда абджадиялъул тартибалъул бакІалда хІалтІизабула цІияб гьиджаи тартиб , жинда жаниб хІарпазул тартиб гІемерисеб гьезул куц-мухъалда рекъон гІуцІараб. Гьиджаи тартиб киданиги хІалтІизабуларо цифраби хІизабалда.

Гьиджаиялъул батІияб тайпа хІалтІизабулаан Магърибалда, амма гьеб дагьаб цебегІан хисана машрикъияб тартибалъ.

 ГІараб алипба кидаго ккола курсивлъун, жидер рагІиялда жаниб бугеб бакІалде балагьун хІарпазул рукІуна батІи-батІиял хъвалел къагІидаби. ХІарпазул букІине бегьула ункъгоялде гІунтІун батІияб хъвалеб куц, жал байбихьул (инициал), гьоркьохъеб (медиал), ахираб (финал) ва жибго бугеб (изолят) бакІазде данде кколел    (IMFI). Цо-цо хІарпазул хъвалеб къагІидаялъул гІемерго батІалъи бугеб мехалъ, цогидал хІарпал гІемерисел хисичІого хутІула ункъабго хъвалеб бакІалда. ГІаммаб къагІидаялда цого рагІабазда жаниб хІарбал цоцада рухьуна къокъаб мухъалдалъун, амма анлъго хІарп () хурхинаризе бегьула гІицго цебехун (кваранидехун) бугеб хІарпалда. Мисалалъе,  (Арарат) рагІиялда киналго хІарпал руго ратІаго хъвалеллъун, щай гурелъул гьел хІарпал рухьинарун бажаруларо хадусезда. Гьединго цоцо рагІабазул комбинациял хъвала лигатураби (хасал формаби) гІадин, масала,  , жиб хъвазе тІадаблъун бугеб ( лигатурияб гуреб комбинация цІализе захІматаблъун рикІкІуна)

Баянал




#Article 210: Транзитивиял фигІлаби (206 words)


Транзитивияб фигІлу ккола фигІлулъун, жинца цо яги цІикІкІун объект босулеб. Гьеб данде лъола жиндир объект букІунареб интранзитивияб фигІлуялде. Транзитивлъи, гІадалда биллъараб къагІидаялъ, рикІкІуна клаузаялъул глобалияб хасиятлълъун , жиндалъун иш агенсалдаса пациенсалде кьолеб t.

Транзитивиял фигІлабазе классификация гьабизе бегьула гьез тІалаб гьабулеб объекталъул къадаралде балагьун. Жидеца кІиго аргумент, субъект ва битІараб тІадежубай (объект), тІаде босулел фигІлаби ккола монотранзитивияллъун. Жидеца кІиго объект, битІараб ва хъвалсараб тІадежубай, тІаде босулел фигІлаби ккола дитранзитивияллъун. Ингилис мацІалда дитранзитивияб фигІлуялъул мисаллъун бачине бегьула to give 'кьезе' фигІлу, жинда цадахъ субъектги, битІараб ва хъвалсараб объектги букІине беьулеб: John gave Mary the book 'Джоница кьуна Марияхъе тІехь'. John — субъект, gave — дитранзитивияб фигІлу, Mary — хъвалсараб объект,  the book — битІараб объект.

Транзитивиял фигІлабазде данде ккун, цо-цо фигІлабаз тІаде босула чІобогоял объектал. Жидее объект къварегІунарел фигІлабазде абула транзитивиял гурел, яглъуни интранзитивиял фигІлабилъун. Авар мацІалда интранзитивиял фигІлабилъун ккола фреквентативал (такрарлъул фигІлаби), мисалалъе, хъвадаризе. Ингилис мацІалъул интранзитивияб фигІлуялъе мисаллъун буго to swim 'лъедезе' фигІлу.

Транзитивиял гуреллъунги транзитивияллъунги рукІине бегьулел фигІлабазда абула амбитранзитивиялилан. Авар мацІалде гІемерисел фигІлаби (френквентативалги, каузативалги хутІун) ккола амбитранзитивияллъун, мисалалъе, бачІине. Ингилис мацІалда мисаллъун ккола to eat 'квине' фигІлу. Киябго жумла: You eat 'мун кванала' (интранзитивияб формагун) ва You eat apples 'дуца гІеч кванала' (транзитивияб формагун, жинда жаниб объектлъун apple рагІи кколеб) ккола грамматикияллъун.




#Article 211: Дунялалъул мацІал (149 words)


Коммуникациялъул цебетІейгун чІагоял мацІазул къадар дагьлъулеб буго кІиго анкьида жаниб цо мацІ тагІиналъун гьоркьохъеб хехлъиялда.

Жакъа къоялде буго 400-ялдаса дагьалъ цІикІкІун мацІал, жал тІагІунел ругеллъун рикІкІунел.

МацІал хола гьезда кІалъалел ахирисел чагІигун, ва гьединлъидал тІоцебе жидер мацІ тІагІиналъул хІинкъи буго хъвай-хъвагІи хІалтІизабуларел халкъазе..

МацІал хвеялъул гІиллабазул цояблъун ккола жидеда кІалъалезул къадар бащатго бикьун гьечІолъи. Гьедин, дунялалъул халкъалъул 80%-алде тІаде кколеб буго 80 мацІ, 3,5 азар мацІалде — халкъалъул цохІо 0,2%. МацІ тІагІиналъул процессалъул аслиял гІиллабилъун рикІкІуна глобализация ва миграция.

Гьанже ругел мацІазул гІага-шагарго бащалъи хІалтІизариялдаса ине руго XXI гІаслуялъул бащалъиялде (кІалъалезул гІаммаб къадаралъул цІикІкІаралдаса дагьалде):

 макромацІал (син, гІараб) рикІкІинчІого

Публикациялде бахъараб сияхІалъе балагье ISO 639-1 (аслияб 136 мацІалъе list of ISO 639-1 кодазул сияхІ), дагьабги тІубараб сияхІ  балагье ISO 639-3 (2013 соналъул июналде бугеб 7874 мацІалъе list of ISO 639-3 кодазул сияхІ). Лингвосфериябобсерваториялъул буго баяназул база (LS-2010) с более чем 32 800-ялдаса цІикІкІун кодги 70 900 мацІалъул цІарги бугеб.




#Article 212: БолмацI (106 words)


БолмацІ ( «боялъул мацІ», «аскаралъул, жамагІаталъул мацІ», гьединго гьоболмацIцI) ккола жиндида батІи-батІиял диалектазул гІадамаз цоцада гьоркьоб кІалъазе хІалтІизабулеб букІараб аваразул  «халкъияб» мацІлъун  («диалектазда гьоркьосеб койне»).

Лъугьана авар мацІалъул шималияб тІадкаламалъул кьучІалда, аслияб къагІидаялъ хундерил хундерил диалекталъул (шималиял диалектазул цо-цо асарги букІана). БолмацІалъул аслуялда XIX гІасруялда гьабуна гьанжесеб адабияталъулаб авар мацІ.

XV гІасруялъул ахиралда болмацІ лъугьуна киналниги аваразул ва гьезде гІагаралщинал гІисинал халкъазда гьоркьор ругел хурхеназул мацІлъун, гьелъие гІиллалъунги букІуна Авар нуцаллъиялъул кверщел, экономикияб ва сиясияб къуват цІикІкІин, аваразул миллияб консолидация.  

БолмацІ цебетІеялъе ва тІибитІиялъе квер бакъана гьединго ХVII ва ХVIII гІасрабазда авараз Гуржиялъе гьабулел рукІарал чабхъеназ ва ХIХ гІасрабазда Дагъистаналъул ва Чачаналъул халкъазул букІараб эркенлъиялъе гІоло къеркьеялъ.




#Article 213: Сводешил сияхІ (102 words)


Сводешил cияхІ () буго америкаялъулав лингвист Моррис Сводешица бахъараб аллат, жиндир кумекалдлъун бищун щулияб аслуялъулаб къамус гІадаб сипаталда рекъон батІи-батІиял мацІазда гъоркьоб бугеб гІагарлъиялъул хурхеналъе къимат кьолеб. Гьеб буго кинаб букІаниги мацІалъул кьучІал лексемазул, жал гІага-шагарго «кьучІлъиялда» гІодобе иналда рекъон тартибалд лъурал,  стандартлъизабураб сияхІ. Бищун кІвар бугеб лексикаялъул минималияб къадар бихьизабун буго 100 рагІи бугеб Сводешил сияхІалда. Гьединго хІалтІизабула басрияб ва дагьабги семантикияб рахъалъ щулияб, амма дагьабги гІатІидаб 207 рагІи бугеб Сводешил сияхІги.

ГъоркьегІан кьун буго 207 рагІи бугеб стандартияб Сводешил сияхІ ингилис мацІалдаса дурус гьабураб таржамагун, гьлъул комментариялги гІадахъ росун ва гІемерисел лексемабазул магІнабиги ингилис мацІалда жидер аслияб магІнаяле данде ккезарун.




#Article 214: Рагьарал (805 words)


 

Рагьараб гьаракь ккола каламалъул гьаркьлъун, жал абулаго каламалъулаб нухалда кинаб букІаниги квал-квал лъугьунарел. Рагьарал ккола каламалъул гьаркьазул кІиго аслияб тайпаялдаса цояб, цогидалб тайпа ккола рагьукъал. Рагьарал ратІа гьарула сипаталда, гьаракьил кІодолъиялда ва гьединго халалъиялда рекъон. Гьел гІемерисел зирараллъун лъугьуна ва гъункун хурхарал рукІуна просодиялъул тон, интонация ва тІадецуй гІадал вариациязда.

Рагьарал гьаркьазул артикуляция акустикияб хІалалъ бихьизабула кинабниги спектралда зама-заманалъулал хьвагІиял гІадин, гьелъ рагьарал гьаркьал ккола ккола музыкалиял гьаркьаллъунги. Рагьаразул артикуляциялъул батІалъиялде щола резонаторалъул форма хисиялдалъун: гьеб лъугьинабизе бегьула мацІалъул лагадул яги кьибилалъул бугеб бакІ хисиялдалъун, ва гьединго кІутІбузул. Гьеб гуребги, рагьразул букІине бегьула тІадеги артикуляцияби (мисалалъе, магІарзухъан) ва фонациял.

Рагьаралилан гьединго цо-цо мехалда абула гьел гьаркьал рихІизарулел хІарпаздеги, мекъе ккечІого рукІине хІалтІизарула терминал «рагьарал хІарпал», «рагьарал гьаркьал».

Буго кІиго комплементарияб рагьаразе баян кьей, цояб фонетикияб, цогидаб фонологияб.

Рагьараб гьаракьалъе фонетикияб баян кьей (ай калмалхулаб нух бацичІого/чІедерлъичІого лъугьунеб гьаракь) кидаго гуро данде кколеб фонологияб бян кьеялда (ай жинца рагІул къотІелалъул тІогь гІуцІулеб гьаракь). Гьеб бихьизабула  ва  аппроксимантаз: кІиялъулго гьечІо кІудиябго чІедерлъи каламалъулаб нухалда (фонетикияб рахъалъ гьел ккола рагьарал ругилан), амма гьел дандчІвала рагІул къотІалабазул авалалда (йиго ва вуго рагІабазулъ), гьениса загьирлъула фонологияб рахъалъ гьел рагьукъал рукІин.

Гьединабго бахІс буго ингилис bird ‘хІинчІ’ гІадинаб рагІулъ бугеб ротикияб гьаракь r-кьераб рагьараб  яги силлабияб рагьукъаб  букІинлд тІасан. мерикаялъул лингвист Кенет Пайкица (1943) бахъана вокоид (vocoid) абураб термин фонетикиял рагьарал гьаркьазе, жибго рагаьараб абураб термин — фонологиял рагьаразе, гьединлъидал, гьеб терминалогия хІалтІизбулаго,  ва  гьаркьазе кклассификация гьабула рагьарал гурел, вокоидал гІадин. Амма лингистал Мэдсонгун Эмирица (Maddieson and Emmory, 1985) демонстрация гьабуна чанго мацІаздаса бащдарагьарал рагьаразде данде ккун каламалъулаб нух дагьабги чІедерлъун абулел рукІин, ва гьеб хІужжаги далиллъун босун, гьел рагьукъаллъун рикІкІине бегьи. БукІаниги, table рагІулъ бугеб силлабияб /l/ гьаракьалъе, яги button ‘кнопка’ ва rhythm ‘ритм’ рагІабазулъ ругел /n/ ва /m/ силлабиял гьаркьазе фонетикияб ва фонологияб баян кьеялда букІине бегьула дандеккунгутІи.

Рагьарал абиялде бугеб билІараб бербалагьи, жибги, мисалалъе, Халкъаздагьоркьосеб фонетикияб алипбаялъул терминалогиялда бихьизабураб, ккола жидеца цогидал рагьарал гьаркьаздаса цогидаб рагьаралъул сипат баян гьабулел артикуляциялъулал гІаламатаздаса цояб. Даниел Джонсица бахъана кардиналиял рагьаразул система, жиб мацІалъул борхиялда (вертикалияб роцен), мацІалъул гьодалъулги (горизонталияб роцен) ва гургинлъиялъул (кІутІбузул артикуляция) хаслъалабазда рекъон рагьараб гьаракьалъе сипат-сурат гьабизе хІалтІизабулеб. Гьеб лъабабго параметр бихьизабун буго кваранидехун бугеб ХФА-ялъул рагьаразул ункъбокІонаб диаграммаялда. Рагьаразул сипатазул руго жеги тамахб хвенхил позиция (назализация), гьаракьалъулаб сукІелалъул гьар-гьадиялъул тайпаби (фонация) ва мацІалъул кьибилалъул позиция гІадал тІадеги характеристикаби.

Рагьаразул артикуляциялъул гьеб концепция лъалеб букІана битІараб гуреб хІисабалда 1928 соналдаса. Питер Лейдфогдица абун букІана цересел фонетикчагІазул... пикру букІана жидеца мацІалъул бищун борхатаб бакІалъе сипат сурать гьабулеб бугилан, амма гьеб гьедин букІинчІо. Гьез сипат-сурат гьабулеб букІана формантиял ризлъалабазеян. (Балагье гъоркьегІан). ХФА-ялъул баянтІахьалъ рикІкІунеб буго  рагьаразул ункъбокІоналъул халгьабизе кколин мацІлъул позицияб бихьизабулеб гуреб, гІицІго абстракция хІисабалда абун.

БукІаниги, рагьаразул сипаталъе баян аслияб къагІидялъ мацІалъ кколеб бакІалъги кІутІби гургинлъиялъги кьолин абураб концепция хІалтІизабулеб буго педагогикаялда, щай абуни гьелъ рес кьолеб буго рагьаразда гьоркьоб батІалъи гьабиялъе интуитивияб баян.

Теориялд, рагьаразул борхи (яги борхалъи) ккола яги мацІалъул тІалъиялде яги чанагъалъул апертураялде данде ккун мацІалъ яги чанагъалъ(бараб букІун) кколеб вертикалияб позициялъе. Практикаялда абуни гьеб ккола тІоцебесеб форманталъе (гьаракьалъул лъухъаб резонанс), къкокъго F1, жибги мацІалъул борхиялда хурхараб. ТІасияб борхиялъул рагьарал гьаркьазда, мисалалъе  ва  гІадал, тІоцебесеб формант дандеккола хвенехалда гІагарлъухъ, калдиб борхиялд мацІалъул букІунеб позициялъе, гъоркьияб борхиялъул рагьаразда, мисалалъе   гІадал, F1 дандеккола чанагъ рагьун букІинлъе ва ва кІалдиб мацІалъул лъухъаб позициялда букІиналъе. Борхиялъе баян гьабула F1-ялдаса гІаксаб магІнаялъ: тІоцебесеб форманталъул борхи цІикІкІун бугогІан лъухъаб (тІасияб борхиялъул) букІуна рагьараб гьаракь.

Халкъаздагьоркьосеб фонетикияб алипбаялда баян гьабун буго рагьаразул борхиялъул анкьго даража, амма, цониги мацІазда гьел ратІа гьаруларо, цадахъ цогидаб сипат батІа гьабичІого:

ГІемерисеб,  хІарпал хІалтІизарула тІасиял-гьоркьохъел яги хІакъикъиял гьоркьохъел рагьарал гьаркьазе. Амма, дагьабги дуруслъи хІажалъани, хІакъикъияб гьоркьохъеб борхиялъул рагьарал рихьизаризе гьел хІарпал хІалтІизаризе бегьула гъоркь хІаракабиги лъун: .

ЖакъалъагІан гІелмияб цІех-рех гьабуралщинал кІалъаялъул мацІаз хІалтІизабула борхи контрастивияб сипат хІисабалда рекъон рагьаразул борхиялъул параметр буго аслияб мацІаздагьоркьосеб рагьаразул сипатлъун. Кьер яги лабиаллъи гІадаб цониги батІияб параметр хІалтІизабуларо киналниги мацІазда. Цо-цо мацІазул буго рагьаразул вертикалияб система, жинда жаниб, фонемаялъулаб мартабаталдагІаги, рагьарал цоцадаса ратІа гьаризе гІицІго борхалъи хІалтІизабулел.

Рагьаразул кьер-илан бизе бугьул рагьараб гьаракьалъул артикуляциялъул заманалда кІалалъул нахъисеб рахъалде данде ккун мацІалъул букІунеб бакІалда. Амма борхиялъе гІадинго гьелъие баян кьезе бегьула гьаракьалъул форманталдалъун, гьаб нухалда кІиабилеб, F2, мацІалъул позициялдалъун гуреб. Цересел рагьаразда, мисалалъе,  гІадал, F2 такрарлъи буго цогидазде дандеккун борхатаб, гьеб дандеккола кІалалъул цебесеб рахъалда мацІалъул позициялъе, амма нахъисеб кьералъул рагьаразе,  гІадал, F2 буго лъухъаб, жиб мацІалъ кІалалъул нахъисеб рхъалда кколеб бакІгун рекъолеб.

Халкъаздагьоркьосеб фонетикияб алипбаялъ баян гьабун буго рагьаразул кьералъул щуго даража:

Гьезде тІаде жубазе бегьула цересел-централиял ва нахъисел централиял, жал ХФА-ялъул чанго диаграммаялда цересел ва нахъисел рагьаразул бакІаздас бакьулъиялъул рагьарал ьарулел вертикалиял мухъазе данде кколел. Амма букІаниги, цересел-централиял ва нахъисел централиял гьединги хІалтІизаризе бегьула цебе гІагараб ва нахъе гІагараб терминазул синонимал хІисабалда. Цониги мацІалда, лъалеб жо, кьералъул лъабго даражаялдаса цІикІкІун данде лъоларо, ва гьечІо цониги мацІ, жидеца цере цере гІагарал яги нахъа нахъе гІагарал данде лъолел.

Цо-цо ингилис диалектазда кьералъул щуго даража бугел рагьарал рукІаниги, цониги мацІ лъаларо, цадахъ борхи яги лабиаллъи гьечІого жинца кьералъул щуго даражаялъе батІалъи гьабулеб.

 




#Article 215: Цебесеб кьералъул рагьарал (120 words)


Цебесеб кьералъул рагьарал — кІалъалел цо-цо мацІазда ругел рагьарал гьаркьазул класс, гьеб класс баян гьабулеб сипат-суратлъун ккола мацІалъул бищун борхатаб бакІ, данде ккун, кІалалъу цебесеб рахъалда букІин, калмалъул нух чІедерлъизабичІого. Цересел рагьаразде гьединго цо-цо абула гвангъарал рагьарал абунги, щай гурелъул нахъисеб кьералъул рагьаразде данде ккун гьел дагьабги гвангъун абулел рукІиналъ.

Цере гІагараб кьералъул рагьарал, хІакъикъаталдаги, ккола цебесеб кьералъул рагьаразул цо тайпалъун; цониги мацІалъ, лъалеб жо, данде лъоларо цереселги цере гІагаралги рагьарал гІицІго кьерлъиялде балагьун.

Лабиалиял цересел рагьарал руго централлъарал, ай жидер артикуляциялда цебе гІагараб кьералъул кколел.  Гьеб ккола ХФА-ялъул диаграммаялда лабиалиял рагьарал цебесеб кьералъул лабиаликъал рагьараздаса кваранидехун хъваялъе цо гІилла.

Халкъаздагьоркьосеб фонетикияб алипбаялда жидее хасал ишараби ругел цебесеб кьералъул рагьарал ккола:

ХФА-ялда гьединго руго жидее хасал ишараби гьечІел цересел рагьарал:




#Article 216: Гъоркьияб борхиялъул цебесеб кьералъул лабиаллъичІеб рагьараб (102 words)


Гъоркьияб борхиялъул цебесеб кьералъул лабиаллъичІеб рагьараб ккола рагьарал гьракьазул цо тайпа, жиб цо-цо кІалъалел мацІазда хІалтІизабулеб. Гьеб буго микьго кардиналияб рагьараб гьаракьалдаса цояб, жиб цо мацІалъул рагьараб гьаракьаже дурусго данде ккезе кколареб, аслияб къагІидаялъ, фонетикияб роценалъул системаялда байбихьул бакІлъун бугеб.

ГІемерисел  мацІазда буго гъоркьияб борхиялъул лабиаллъичІеб рагьаралъул цо чанго форма. Гъоркьияб кьералъул цохІо гурони рагьараб гьаракь гьечІел мацІазда, гьеб рагьаралъул ишара  хІалтІизабизе бегьула, щай абуни гьеб аслияб латин алипбаялда гьеб буго гъоркьияб борхиялъул рагьаралъе цо бугеб ишара букІиналъ. Гьедин бихьизабуралъ гъоркьияб борхиялъул цебесеб кьералъул рагьаралдасаги () гІемер кьола гъоркьияб борхиялъул централияб рагьарб . ХІакъикъаталдаги, цо кІудияб батІалъи гьечІого букІинеги бегьула. (Балагье Акустикаялде).




#Article 217: Бенгал мацӀ (259 words)


Бенгал мацІ, Бенгали, жиндирго Бангла абураб эндонимги бугеб ( ), ккола Гьинд-Арияб мацІлъун, жинда тІоцебесеб иргаялда жаниб Жанубияб Азиялда, хасго Гьиндустаналъул субконтиненталъул бакъбаккул рахъалда ругел бенгалиял кІалъалеб миллияб мацІлъун буго Бангладешалъе ва Гьиндустаналъул штат БакътІерхьул Бенгалалъе. Бенгал мацІалда кІалъелзул гІурагІан къадар буго Трипуралда ва Ассамалъул Барак Расалъиялда. Гьеб ккола Бангладешалда расмияб ва бищун тІибитІараб мацІ ва  Гьиндустаналъул 22 мацІалдса Гьинд мацІалда хадуб кІиабилеб бищун тІибитІараб. Жиб рахьдал мацІлъун гІага-шагарго 228 миллион чиясе ва кІиабилеб мацІлъун жеги 37 миллион чиясе кколеб букІиналъ, Бенгал мацІ буго щуабилеб бищун тІибитІараб рахьдал мацІлъун ва киналниги жинда кІалъалезул къадралъул рахъалъ бищун тІиритІарал мацІазул анкьабилеблъун.

Бангладешалъул расмияб ва де факто миллияб мацІ буго гьанжесеб стандартияб бенгали. Гьеб ккола миллаталъул лингва франкалъун, бенгалиязул 98% тІоцебесеб мацІалда гІадин эркенго кІалъала гьеб мацІалда. Гьиндустаналда бенгали мацІ расмияблъун буго БакътІерхьул Бенгалиялда, Трипуралда ва Ассам штаталъул икълим Барак Расалъиялда. Гьеб буго Бенгал бугъазалда ругел Андаман ва Никобар ЧІинкІиллъабазда бищун тІибитІараб мацІ,  ва гьелда кІалъалезул гІурагІн къадар буго цогидал штатаздаги, гьездаго гъорлъ Дели, Чгьатисгарх ва Джархканд. Бенгал мацІалда кІалъала гІезегІан къадар бугеб бенгали диаспора (Бангладешалъул диаспора ва Гьиндустаналъул бенгалиял): Пакистаналда, Цолъараб Пачалъиялда, Цолъарал Штатазда ва ГІагараб Машрикъалда. 

Бенгал мацІ цебетІолеб букІана 1300-гІан соналъ. Бенгал адабият, жиндирго адабияталъулаб азарсонил тарихгун, гІатІиго цебетІолеб букІана Бенгал ЦІилъиялъул заманалдаса, ва гьеб буго Азиялда бугеб бищун хьолбохъ битІараб ва батІи-батІияб адабияталъулаб гІадатлъилъун. 1948-лелдаса 1956-лелде букІараб Бенгал мацІалъулаб багъа-бачариялъ, жиндица Бенгал мацІ Пакистаналъул расмияб мацІлъун гьаби тІалаб гьабулеб букІараб, квер бакъана Бакъабаккул Бенгалалда бенгалиязул миллатчилъи цебетІеялъе, гьеб сабаблъун 1971 соналъ лъугьана Бангладеш пачалихъ. Бенгал мацІ ккола бенгал идентилъиялъул квинтэссенциялъу, ва гьелъ цолъизабула маданияб рахъалъи батІалъи бугеб икълим. 

 

 

   




#Article 218: Авар миллат бугеб территория (113 words)


Авар миллат бугеб территория ккола жакъа къоялъ авараз гІумру гьабун бугеб ракь, гьеб буго Бакъбаккул Кавказалда. Аваразул гІемерисез (киназдасаго 85 %) гІумру гьабун  буго жидерго тарихияб ватІаналда — Аваристаналда, жиб жакъасеб Дагъистаналъул бакътІурхьун рахъалде кколеб, аваразул жеги 6 проценталъ гІумру гьабулеб буго Россиялъул цогидал икълимаздаги. Россия тун къватІиб гІумру гьабун буго аваразул 9 %, аслияб къагІидялъ ЦІоралда (Азарбижаналъул жанубияб бакътІерхьуда) ва Туркиялда.

Аварал ккола Дагъистаналъул киналниги 52 муниципалияб гІуцІиялъул 23 гІуцІиялда  цІикІкІанисеб халкълъун. Гьел гІуцІалабазулги 14 ккола  ккола аваразул тарихияб территориялъун. Гьединго аваразул тарихияб территориялъун ккола Азарбижаналда гъорлъ бугеб ЦІор.

Аваразул тарихиял мухъазул халкъалъул къадар кьун буго 2020 соналъул 1 январалде бегеб хІалалхъ, ва дагьабги мухІканго 2010 соналъул халкъалъул къадаралъул хъвай-хъвагІи гьабиялда рекъон:




#Article 219: Хунзахъа Дибир-къади (428 words)


Хунзахъа Дибир-къади (Макъсуд-къадил МухІамадшафигІ; 1742, Хунзахъ, Авар нуцаллъи — 1817, ?) — Аваристаналъул къади, КІудияв ГІумаханил мирза, кІудияв гІалимчи, жинца авар, гІараб, парс ва турк мацІзул къамусал данде ракІарарав, гІажмалъе реформа гьабурав, гьел мацІаздаса гьунариял асарал ва гІелмиял хІалтІаби таржма гьрурав, шагІир, таржамачи, дипломат. 

Дибир къади гьавула умумул къадизабилъунги гІалимзабилъунги букІараб хъизаналда. Гьев цин цІалула жив Аваристаналъул къадилъун вукІарав инсуда цеве, хадув цІалула Кудалис ХІасанидаги Чохъа МахІадаги цеве. Машгьгьурал гІлимзабазда цеве цІалиялъ, Дибир-къадиясе щола кьучІб лъай, ва щвараб лъайги цебетІезабизе, гьев уна ГІагараб Машрикъалде. 

Гьесда лъалеб букІана гІараб, парс, гуржи ва турк мацІал. КІудияв ГІумаханил мирза, вакил ва божарав чи хІисабалда, Дибир-къадица хІаракатаб гІахьаллъи гьабулаан пачалихъалъул сиясияб гІумруялда. 

Дибир-къади вукІуна гІатІидаб батІи-батІиял гІелмиял маззгьабузул: къанун-гІелмуялъул, астрономиялъул, мантІикъ гІелмуялъул, чанго мацІазул грамматикаялъул, гьунарияб прозачлъул ва поэзиялъу лъай бугев чилъун. Гьес нахъе тола бечедаб гІелмияб ирс. Дибир-къадица кІиго ва лъабго мацІалъул цадахъ бугеб къамус гьабиялда тІад хІалтІиялъ аслу лъола Дагъистаналда лексикография цебетІеялъе.

Дибир-къадил жиндирго цІар букІана МухІамадшафигІ (тІубараб цІар: МухІамадшафигІ, Макъсуд-къадил вас, атІ-ТІалтІи, ал-Хунзахи ал-Авари). Гьев гьавуна Аваристаналъул къадилъун вукІарав Шалапил Макъсуд-къадил хъизаналда, Хунзахъ, 1742 соналъ.

Дибир-къадил тухумалъул чанго сияхІ буго, бищун мухІканаблъун кколеб буго жиб Дибир-къадица насху гьабун хъвараб Абу-МухІамад ал-Къасими ал-ХІаририясул «Макъамат ал-ХІарири» (, XI–XII гІ.) абураб асаралъул ахиралда рехсон бугеб. Гьеб сияхІалда рехсон вуго умумузул 19 чи:

Шамалдаса АхІмад, гьесул вас ГІусман, гьесул вас ГІали ал-Фарукъи, гьесул вас ХІусейн, гьесул вас Багин, гьесул вас Канкут, гьесул вас Макъсуд, гьесул вас НурмухІамад, гьесул вас ДинмухІмад, гьесул вас ГІабдурахІман, гьесул вас НурмухІамад, гьесул вас ГІабдал, гьесул вас ГьитІинмухІамад, Гьесул вас Шалаф, гьесул вас Макъсуд, гьесул вас Дибир, гьесул вас МухІамад-къади, гьесул васал ХІассан, Дибир, ХІажибек, ГІабдусамад ва Шалап, ахирисесул васал БацІал, ГІабдусамад, Дибир-ХІажияв ва ХІажибек.

Гьеб генеалогияб гъветІ бачІунеб буго гІага-шагарго ХІІІ гІ. ахиралде —  ХІV гІ. байбихьуде; гьеб заманалда Дибир-къадил умумузул чи АхІмад аш-Шами вачІун вуго Дагъистаналде, батизе бугеб жо, ислам тІибитІизабиялъе гІоло. Дибир-къадил тухумлъул хІакъалъул хъвай-хъвагІиялда рекъон, гьесул умумуз гІумру гьабун букІун буго Ругъжа, ХVΙ гІ. рахъун руго ГІахьалчІи росулъе (Шалапилазул тухум-кьибилалъул хъвай-хъвагІабазда рекъон, Дибир-къдил умумул ДинмухІмадил, ГІбдулил, ГІитІинмухІамадил ва цо-цо Макъсудилги нисбу букІун буго «Ал-ГІахьалчІи»), ХVΙΙ гІ. Хунзахъе.

Байбихьул лъай Дибир-къадие щола жиндирго эмент Макъсуд-къадихъа, хадув Дибир-къади цІалула жидерго мактабалги мутагІилзабиги рукІарал кІудиял гІалимзаби Кудалиса ХІасанидаги ЧІохъа МахІадаги цеве. Киналниги цІаларалщинал гІалимзабазда цевеги цІалун, Дибир-къадие щола гІелмуялъул батІи-батІиял рахъазул кьучІаб лъай.

Шушаялда Жамал Джаванширида цеве цІалун лъазабула Дибир-къадица парс мацІ. Дибир-къадида мухІканго лъалеб букІана гІараб, парс, тур, гуржи ва тумазул мацІал. Жиндирго гІелму-лъай мухІкан гьабизе гьев уна Туркиялде ва Шамалде. Бакъваккул мацІал лъаял рес кьола Дибир-къадие бусурбабазулаб юриспрюденциялъул, мантІикъалъу, теологиялъул, бакъ-моцІалъул гІелмабазулги, гьел мацІазул грамматикаялъулги, гьунарияб прозаялъулги поэщиялъулги гІатІидб лъай щвезе.

Лексикографиял асарал:

ШигІриял асарал:

Таржамаби*




#Article 220: Дагъистаналъул административиябгин территориалияб рикьи (263 words)


Дагъистаналъул административиябгин территориалияб рикьи — пачалихъияб (РФ-ялъул субъекталъул административиябгин территориалияб гІуцІиялъул) ва бакІалъул хІакимлъиялъул (бакІалъул жиндиего нухмалъи гьабиялъул) территориалияб гІуцІи Дагъистаналъул Жумгьурияталда жаниб.

Дагъистаналъул Жумгьурияталъул конституциялда ва «Дагъистаналъул административиябгин территориалияб гІуцІиялъул хІакъалъулъ» Къануналда рекъон, РФ-ялъул субъекталъ гъорлъе бачуна хадусел жумгьурияталъулаб даражаялъул административиялгин территориалиял гуцІалаби:

Мухъл рикьула гьеназде, росдал боязде, росабазде; жумгьурияталъулаб даража бугел шагьараз гъорлъе рачуна шагьарал, гьенал ва росаби.

КІудияб шагьар МахІачхъала бикьула лъабго районалде.

Мухъалъулаб ва шагьаралъулаб даража бугел административиялгин территориалиял бутІабазул сияхІ буго Дагъистаналъул Жумгьурияталъул административиялгин территориял гІуцІалабазул цІохІалаб реестралда.

БакІалъул жиндиего нухмалъи гьабиялда (муниципалияб гІуцІиялъул) жаниб жумгьурияталда, Дагъистаналъул жумгьурияталъулаб даража бугел аднминистративиялгин территориалиял бутІабазда 2019 сонлъул 1 январалде бугеб хІалада рекъон гІуцІун буго 761 муниципалияб гІуцІи:

Дагъистаналъул мухъазул (муниципалиял) ва жумгьурияталъул даража бугел шагьаразул (шагьаралъулал сверухълъаби) халкъалъул къадар кьун буго 2020 соналъул 1 январалде бегеб хІалалхъ, ва дагьабги мухІканго 2010 соналъул халкъалъул къадаралъул хъвай-хъвагІи гьабиялда рекъон:

ГъокьегІан кьун буго муниципалиял мухъазда рекъон росабазул ва шагьаразул поселениязул (гьез гъорлъе рачунел гІумру гьабулел бакІалгун) сияхІ. 

Росдал бояз гъорлъе бачине бегьула цо росу (гьедин батани гьезда абула «росу»-йилан ва данде ккола росу абураб административиябгин территориалияб бутІаялде) яги чанго (гьедин батани гьезда абула «росдал бо»-йилан ва данде ккола росдал бо абураб административиябгин территориалияб бутІаялде).

Шагьаразул поселениял (гъорлъе бачуна цо-цо шагьаралъул тайпаялъул гьен ва данде ккола гьен абураб дминистративиябгин территориалияб бутІаялде) рихьизарун руго бицатаб хатІалдалъун.

Типигъ

Ахтиб

БагІархъала (Кизляр)

МелъелтІа

Болъихъ

Рутул 

Гелбахъ (Кизилюрт)

ГІахъуша

КІкІаратІа

ЦІияб ГІаяша (Каякент)

Гъуниб

Уркарахъ

ДешлахІар 

Дибирилросу (Бабаюрт)

Вачи

Курагь

Къарабдахъ (Карабудахкент)

Лаваша

ЛъаратІа

МухІарамхур

Дилим

Рохьомактаб 

Къасумхур

Хучни

Тарамухъ 

Гъумекиб 

Турхъалиб (Коркмаскала)

Унсоколо

Ушугъ

Мажалис

Хасавхъала

Хив

Хунзахъ 

Хьаргаби

ЦІиябтум

Агъвали

Кидеро

ЦІуриб 

Чор (Дербент)

ХІебда

Шурагьиб




#Article 221: Армян алипба (177 words)


Армя́н алипба — армян мацӀалъул гьаркьазулаб хъвай-хъвагӀи, жиб 405–406 саназда гӀалимчи ва рухӀанияв Месроп Маштоцица гӀуцӀараб; XI гӀасруялда алипалде тӀаде жубана кӀиго хӀарп Օ и Ֆ.

Абулеб къагӀида  ва .

ТӀахъваялъулаб «h» () гьаракьалъ гьаниб бихьизабулеб буго аспирация; апострофалъ () — эйективиял рагьукъал.

Жидер рагьукъал данделъей зирарал — гъугъал бугел  гьанжесел индоевропаялъулал мацӀазул гӀемерисезде данде ккун, армян системаялда бугеб щуго гьединаб жуталде тӀаде бачӀуна жеги лъабабилеб 

Гьедин 15 рагьукъалъ гӀуцӀула лъабутӀаяб парадигма:

Армян алипба ккола жинда жаниб хӀарпал бетӀераздеги мухъалъулаздеги бикьулеб ункъго алипбаялъул цояб (хутӀараб лъабго алипба буго латиница, кириллица ва грек алипба).

Армян алипба гӀуцӀана Месроп Маштоцица 405 соналъ. Байбихьудасан алипбаялда букӀана 36 хӀарп, гьезул анкьгоялъ рихьизарулаан рагьарал гьаркьал, 29-ялъ — рагьукъал. Алипба гӀуцӀун буго мацӀалъул фонетика мухӀканго бичӀчӀиялда. XI гӀасруялда алипбаялде тӀаде жубана кӀиго хӀарп: рагьараб «Օ» ва рагьукъаб «Ֆ». Гьелде щвезегӀан «Օ»-ялъул бакӀалда хӀалтӀизабулаан Ӏ «աւ», «Ֆ»-ялъул бакӀалда — «փ».

К. В. Треверил пикруялда рекъон, армян хъвай-хъвагӀи гӀемерисеб рахъалъ гӀуцӀун буго арамеязулаб хъвай-хъвагӀиялъул аслуялда
Х. Сигнес  Кодоньер, гуржи ва армян алипбаялъул тартибалъул типологияги данде ккун, вачӀана армян алипбаялъул модельлъун гуржи алипба букӀине бегьулин абураб пикруялде.




#Article 222: Гъарабагъ (108 words)


Гъарабагъ (, ) — Бакъбаккул Нахъакавказалда бугеб тарихиябгин географияб икълим, жиб МугӀрузулаб ва ГӀодоб бутӀабаз гӀуцӀулеб.

XVI гӀасруялдаса XVIII гӀасруялъул бащалъуде — Сефевидазул пачалихъалъул бегларбеклъи (вилаят), гӀодоблъи бусурбабазул ханлъиязде, мугӀрузул рахъ эрмениязул меликлъиязде унеб букӀараб; XVIII гӀасруялъул бащалъудаса XIX гӀасруялъул байбихьуде щвезегӀан гьениб букӀана Гъарабагъалъул ханлъи; 1805 соналдаса — Россиялъул империялда гъорлъ; совет заманалда — Азербайджаналъул ССР-алда гъорлъ. Жакъа къоялъ де-юре уна Азарбижаналъул  Жумгьурияталде гъорлъе. Аслияб бутӀаялда 1990-л соназул байбихьудаса де факто контроль гьабулеб буго рикӀкӀинчӀеб пачалихъ МугӀрузулаб Гъарабагъалъул Жумгьурияталъ.

Гъарабагъ абураб цӀар бачӀун буго тюрк «къара» — чӀегӀераб, ва парс «бах» — ах абурал рагӀабаздаса. XIV гӀасруялдаса, магъулазул заманалдаса, гьеб цӀаралдалъун гӀемерисеб бихьизабулеб буго Арраналъул жанубияб бутӀа.




#Article 223: Гуржи хъвай-хъвагӀи (130 words)


Гуржи хъвай-хъвагІккола цо-цо картвел мацІаз — тІоцебесеб иргалда жаниб гуржи, ва гьединго мегрел, сван ва цогидаз — хІалтІизабулеб алипбаялъулаб хъвай-хъвагІи. Хъвала квегІидаса квараниде. Гьанжесеб гуржи алипбаялда буго 33 хІарп; алипбаялда гьечІо бетІерал хІарпал, амма текстазул бутІрузда ва цо-цо цогидал бакІазда тІубараб рагІи хъвазе бегьула хІарпазул тІасиял ва гъоркьиял элементал гьечІого, кІиго парллелиял мухъазда гьоркьоб гІадин (бл.сураталде) — гьединаб хъвай ккола цогидал алипбаязда ругел бетІерал хІарпазул аналог, гьелда абула «мтаврули». Гьеб гуржи хъвай-хъвагІиялъул тайпа буго бачун Юникодалде гъорлъе 11.0 версиялдаса байбихьун.

ГІурччинаб кьералъ рихьизарун руго цере гуржи мацІалда, амма гьанже гІицІго цогидал мацІазда хІалтІизарулел хІарпал. БагІараб кьералъ —  цогидал мацІазда хІалтІизарулел, амма гуржи мацІалда киданиги рукІинчІел хІарпал. ХъахІилаб кьералъ — гуржи мацІалда хІалтІтзарулел рукІарал, амма гьанже кибниги гьечІел хІарпал. ЦІахІилаб кьералъ — цере цогидал мацІазда рукІарал, амма гьанже киниги гьечІел хІарпал.




#Article 224: Арагва (247 words)


Ара́гви () — бакъбаккул Хъизихъалда бугеб гІор, Кор гӀоралъул квегІаб гІаркьел.

Ара́гви абураб гуржи рагІул магІга буго «хехаб», «кватІулареб» абураб. Цогидаб версиялда, гІоралъул цІар бачІун буго абхаз аракуа — «гІаркьел» абураб рагІудаса.

ГІор байбихьулеб буго Кавказалъул бетІераб балалъул жанубияб рахъалдаса. Байбихьуда гІоралда абула ХъахІаб (Мтиулалъул) Арагви абуг. Гьеб чвахулеб буго миччилалдаса ва гачиганчІидаса, жинца лъималъе хъахІккараб кьер кьолеб. Пасанаури гьеналъухъ ХъахІаб Арагва жубалеб буго ЧІегІераб Арагвагун, жиб чІегІераб миччиладаса чвахулеб ва гьелъ жиндир чІегІераб лъим бугеб. Жубан хадуб гІоралъул цо манзилалъ букІуна кІиго параллелияб мухъ — канчІаб ва бецІаб. Гьедин кІиго гІаркьел жубан лъугьараб гІоралде абула Арагвайилан. Жинвали росдада аскІоб Арагваялде гъорлъе жубала Пшавалъул Арагва, КІудияб Борбало мегІералъул бакътІерхьул щобаздаса чвахун бачІунеб ва жиндир шималияб гІаркьеллъуг Хевсур Арагва бугеб. Ункъабго Арагва жубаялда гьабун буго Жинвал лъелнахърател ва ГЭС, жидеца Хъизихъалъул тахшагьар лъедалъун ва каналдалъун хьихун бугел. Мцхета шагьаралда аскІоб Арагва жубалеб буго Коралде гъорлъе. Арагваялъул лъим аслияб къагІидаялъ буго цІорол. Арагваялъул расалъиялдасан унеб буго Рагъулабгин Гуржи нух.

Рорхатал мугІрузда гІумру гьабун йикІун йиго яц — цояй хъахІаб рас бугей, цояй чІегІераб рас бугей. Гьел цоцазе рокьулел рукІуна, ва кІиязулго рокьи ккола цого васасухъ. Васас ячуна хъахІаб рас бугей. Пашманлъи хІехьезе кІвечІей яц кІанцІула кІкІалахъе, ва гьедин юижула гьениб гІор, ясалъул гъалал гІадинаб чІегІераб лъим жиндир бугеб — ЧІегІераб Арагва. Хирияй яц хвараблъи лъайдал, хъахІаб рас бугей яцги кІанцІула кІкІалалъе — гьедин юижула ясалъул рас гІадаб хъахІаб лъим жиндир бугеб ХъахІаб Арагва. Жиндир гІолохъаная лъади хвараблъи лъала васасда, ва гьевги кІанцІула кІкІалахъе — гьедин бижула кІкІалахъ гІор — Пшавалъул Арагва.




#Article 225: Картвел мацӀал (250 words)


Картве́л мацӀал (ялъуни жанубияб кавказалъулал; ) жал Жанубияб Кавказалъул бакътӀерхьуда ва бакъулъ, аслияб къагӀидаялъ гьанжесеб Гуржистаналъул территориялда, бутӀаккун — Туркиялда (Лазистан, Тао-Кларджети) тӀиритӀарал  мацӀазул хъизан; мацӀазда кӀалъала гуржиял ва гьезул субэтносал.

Аслиял сипат-суратал: киналниги картвел мацӀазе хӀалтӀизабула  гуржи хъвай-хъвагӀи; киналниги картвел мацӀал лъугьун руго протокартвел мацӀалдаса; картвел мацӀазул гӀемерисезда буго гӀезегӀан кӀудияб рагӀабазул гъат, жал некӀсияб ва гьанжесеб гуржи мацӀаздаса рачӀарал.

Генетикияб хурхен мухІканго чІчІезабун гьечІо. Цебе хъвалаан гипотезияб кавказалъулал ягт ибериябгин кавказалъулаб (макро)хъизаналде гъорлъе. Буго гьединго гипотеза картвел хъизан ностратикияб макрохъизаналде гъорлъе унин абураб. Амма гьеб позициялъе батІи-батІиял гІалимзабаз критика гьабун буго, рикІкІунеб буго кьучІ гьечІеблъун ва гьелъул натижатал рикІкІунел гьечІо гІемерисел компартивчагІаз, жидеца  ностратикиял мацІазул теория мекъаблъун, ялъуни хІужжаби гьечІеблъун толеб.

Картвел мацІазде гъорлъе ккола гьединго Гуржистаналъул адабияталъулаб ва рухІанияб некІсияб гуржи мацІ. 

Гьанжесел картвел мацІазул хъвай-хъвагІи бугеб ккола цохІо гуржи мацІ. XIX гІасруялдаса хІалбихьулеб буго лаз мацІалъе хъвай-хъвагиІи гьабизе (латиницаги аслуялъе босун Германиялда ва Туркиялда), ва гьединго мегрел мацІалъе (гуржи хъвай-хъвагІиги аслуялъе босун Гуржиялъ).

Картвел мацӀазда буго 11–15 модалиябгин заманадулаб сигъа. ГьечӀо грамматикияб жинс цӀаразу ва цогидал цӀарулал бутӀабазул. ФигӀлуялъул байбихьул формалъун рикӀкӀуна гьанже заманалъул лъабабилеб гьумералъул цолъул форма. Буго аблаут. Цогидал какасиониял мацӀазда гӀадин, рикӀкеназул система буго къоцӀулаб. Синтаксисияб бухьеналъул къагӀидаби руго  бачин, координация, рекӀинаби ва дандеккезаби. Жумлаялъул дандчӀвала лхабго аслияб конструкция: номинативияб, эргативияб (гӀемерисел заманабазда транзитивиял фигӀлабигун) ва дативияб (хӀалалъул фигӀлабигун). ФигӀлуялъу цӀай букӀуна ахиралде. РагӀи лъугьин буго префиксалияб, суффиксалияб ва аслияб къагӀидаялъ — префиксалиябгин суффиксалияб (циркумфиксал). Буго рагӀижубай. ДандчӀвала гӀемерал дескриптивиял рагӀаби. ГӀезегӀан рагӀаби руго гӀараб, парс ва тюрк мацӀаздаса рачӀарал. Буго хадурегӀелазул система.




#Article 226: Севан (273 words)


Сева́н () — Кавказалъул бищун кӀудияб хӀор, жибги ЦӀамухъ тӀалъиялда бугеб. ХӀоралъул гӀатӀилъи буго 1240 км² ХӀорниса чвахула Раздан гӀорСеваналъул ва Разданалъул лъинал хӀалтӀизарула Севан ГЭС-азул каскадалъ. 1978 соналъ рагьана тӀабигӀаталъулаб миллияб парк «Севан»..

Севан хӀоралъул лъималъул тӀасалъи буго ралъдал гьумералдаса 1898 метраялъул борхалъуда. Лъел тӀасалъиялъул гӀатӀилъи буго 1240 км² (1360 км² лъел къадар гӀодобе ккезегӀан). Гьоркьохъеб гъварилъи буго 26,8 м, бищун цӀикӀкӀараб — 80 м.

Лъим бакӀарулеб хӀавузалъул гӀатӀилъи буго 4750 км² (дагьалги цересел баяназда рекъон — 4890 км²). Лъел къадар (2009 соналъул байбихьуда) — 36,088 км³.

ХӀорнибе чвахулеб буго28 лъар, къватӀибе чвахулеб буго цохӀо Раздан гӀор (Эресалъул гӀаркьел). ХӀор ккола тектоникиябгин сангаркъараб. ЦӀаргӀахьалаб жаниблъиялъул лъугьин буго тектоникияб, сангаркъай абуни лъугьун буго голоцениял лаваби сабаблъун.

Севан сверун къан буго сиртаз: шималияб рахъалдаса Памбак ва Арегуни, шималиябгин бакъбаккудаса — Шагьдагъ (Севан-бал), бакътӀерхьудаса — Гегам, жанублъиялдаса Варденис.

Жал хӀонире цутӀарал Шоржи лъедагъоркьаб хӀокӀалъги Артаниш бащдабчӀинкӀиллъиялъги Норатус квачӀалъги Севан бикьула кӀиго бутӀаялде: ГьитӀинаб Севан (бакътӀерхьул) ва КӀудияб Севан (бакъбаккул). ГьитӀинаб Севаналъул руго кӀудияб гъварилъиги чанчахарал рагӀаллъабиги, хӀоралъул гьеб рахъалда буго гӀемерисеб лъим. Севаналъул бищун гъваридаб бакӀ буго Арегун балалъул аххалъиялдаса рикӀкӀад гьечӀеб бакӀалда. КӀудияб Севаналъул буго битӀараб тӀину, гъварилъи 30 метраялде гурони бахунаро.

Севан хӀор буго бацӀцӀадаб, лъел гьумералъул кьер буго хъахӀиккараб. Лъел минерализация бахуна 700 мг/л-ялде.

Территориялъул кӀудияб бутӀа (гӀ.-ш.17 аз. га), лъел къадар гӀодобе ккеялъ къватӀибе реххараб, бацун буго гӀамаз чӀчӀараб гъветӀ-хералъ. Буферияб зонаялда бижулеб буго цӀцӀени, гӀинтӀи, сани. Гьенир руго гӀемерал астрагалал, акантолимонал, жидеда гьоркьор тӀагӀунел ругел навгӀалги ругел. Севаналъул хӀавузалда цӀунун хутӀун руго миккил гъутӀи ругел бакӀал.

Тарихиял гӀарасазул бищун машгьураб буго Севанаванк килиса, жибги хоралъул шималибяги бакътӀерхьуда Севан щагьаралда аскӀоб бугеб бащдабчӀинкӀиллъиялда бугеб. Цогидаб килиса, бакътӀерхьул щобда бугеб, — Айриванк. Арцванист росулъ хӀоралъул рагӀалда буго X хӀасруялъул килиса Ваневан.




#Article 227: Эрменистаналъул административиябгин территориалияб рикьи (212 words)


Эрменистаналъул административиябгин территориалияб рикьиялде гъорлъе рачІуна: икълимал (марзал, ), жамагІатал, жамагІаталъул статус бугеб Ереван шагьар ва гьелъул административиял районал. ЖамагІаталъ гъорлъе бачине бегьула цо яги чанго гІумру гьабулеб бакІ. Эрменистан Жумгьурият ккола унитарияб пачалихълъун.

Эрменистан Жумгьурият бикьула анцІго икълималде ва Ереван шагьаралде.

Икълимазул территориял гІуцІун руго гьезде гъорлъе кколел жамагІатазул территориязги пачалихъалъул буголъилъуг кколел цогидал ракьазги, лъел сверухълъеназги. 

Икълимазда гьабула пачалихъияб хІакимлъи, Ереваналда ва цогидал жамагІатазда буго бакІалъул хІакимлъ. Губернаторал (марзпетал) хъулухъалде тІамула ва хъулухъалдаса рахъула Эрменистан Жумгьурияталъул хІукуматалъ. ХІукуматалъул гьел амруязе ратификация гьабула пачалихъалъул президентас. БакІалъул хІакимлъиялъул органлъун ккола жамагІатулъ харабазул шура ва жамагІаталъул нухмалъулев (шагьаралъул мэр, росдал бегавул), вищулоа гьев ункъго соналън мажоритарияб системаялда рекъон. Ереваналъул мэр вищула шагьаралъул Харабазул Шураялъ, гьел жалго рищула Ереваналда гІумру гьабулез ункъго соналъе.

Икълимазул ва Ереван шагьаралъул гІурхъаби, Ереваналъул территориялда ругел гІумру гьабулел бакІазулги административиял районазул гІурхъаби чІезарун руго Эрменистаналъул къануназда — «Эрменистан Жумгьурияталъул административиябги территориалияб рикьиялъул хІакъалъулъ» ва «Ереван шагьаралда бакІалъул хІакимлъиялъул хІакъалъул» — баян гьарун рихьизарун руго топографикиял картабаздаэ

Эрменистан Жумгьурияталъул гІумру гьабулел бакІазул ва жамагІатазул сияхІги цІарал хисизариялъул тартибги баян гьарун руго цебеккун рехсараб Къануналда.

Эрменистаналда бакІалъул нухмалъи гьабула жамагІатазда; гьезда гъорлъ букІине бешьула цо ягт чанго гІумру гьабулеб бакІ. Эрменистаналъул жумгьурияб партиялъ хІакимлъи гьабулеб заманалда байбихьараб жамагІатал кІодо гьариялъул процесс унеб буго жакъа къоялъги. 2020 соналъул маялде букІана 53 кІодолъизабураб жамагІат.  




#Article 228: Эльбрус (307 words)


Эльбру́с (, ) — Кавказалъул мугІрузда бугеб стратовулкан (ралъдал гьумералдаса борхалъи 5642 м) — Россиялъул ва Европаялъул (Азиялдаги гьелдаги гьоркьоб гІурхъи Кавказалъул бетІераб баладасан лъуни, гурони, Европаялъул бищун борхатаб тІогьлъун ккола Монблан) бищун борхатаб тІогь. Эльбрус гъорлъе бачун буго дунялалъул бищун рорхатал тІогьазул сияхІалде («Анкьго тІогь»).

Эльбрус буго КІудияб Кавказалъул Хьибилаб балада, Кавказалъул бетІераб баладаса 10 километралъ шималияб рахъалдехун, Кабардагин Балкарияялъул ва Карачайгин Черкесияялъул гІорхъода. Эльбрус буго вулканалдалъун лъугьараб мугІрул массив, кьучІлъиялъул диаметр буго 15 км, буго мухІканаб кІиго тІогь — Бакъбаккул (5621 м) ва БакътІерхьул (5642 м), гьезда гьоркьоб буго халатаб расалъиккараб бакІ (5416 м). Тгьоркьоб манзил буго 1500 м. Цоколалъул абсолютияб борзхалъи 3200—3800 м. Парсазул гьоркьохъеб гьетІи буго 35°. ТІоцебе Эльбрусалъул борхалъи лъазабуна 1813 соналъ академик В. К. Вишневскияс, гьес кьураб къиматалда рекъон, гьеб ккана 5421 м.

Эльбрусалъул парсаздаса чвахула 23 цІоролмегІер, гьезул гІаммаб гІатІилъи — 134 км². Гьезул бищун кІудтиял руго КІудияб ва ГьитІинаб Азау, Терскол, Кюкюртлю, Ирик. Эльбрусалъулал цІоромугІрузул максималияб халалъи буго 6—9 км, гьеб кІиго нухалъ дагьаб буго Кавказалъул бищун кІудияздаса. Ахирисеб 100 соналда жаниб цІоромугІрузул гІатІилъи дагьлъун буго 18 %-алъ, Кубаналъул расалъиялде бачІунеб — на 33 %-алъ. Эльбрусалъул цІераз хьихьула Кавказалъул Ставрополлъиялъул бищун кІудияб лъабго гІор: Баксан, Малку ва Кубань.

Эльбрусалъул сверухълъиялъул климат гьабула мугІрузул рельефалъе сипатаб гьавадул циркуляциялъул асаралдалъун. Сипатаб буго лъикІабги квешабги гьава-бакъалъул цикллъи. Риидал гьеб букІуна 5—7 къоялъ, роол тІоцебесеб бащалъиялда гьава-бакъ букІуна квешаб, кІиабилеб бащалиялде данде ккун. Рии букІуна гьогьомараб, 2000 метраялъул борхалъиялда максималияб температура бахуна  +35°С,3000 м — +25°С. Хасалихълъи байбихьула августалъул ахиралда — сентябралъул байбихьуда. 3000 метраялъул ва эххедегІанги хасел байбихьула октябралда. ГІазул гъаталъул гьоркьохъеб бицалъи бахуна 50—80 см-ялде, эххедагІан гьеб дагьабги биццалъула. Жанубиял гъулдузда гІазу букІуна шималияздаса дагьаб. 3000 метраялъул борхалъуда январалъул гьоркьохъеб температура букІуна −12°С, абсолютияб минимум −27°С. Эльбрусалда ихх байбихьула маялъул тІоцебесеб декадаялда. 3000 метраялъул борхалъудаса гІазу уна (гІемерисеб риччарал гІунсби гІадин) маялъул ахиралде. Дагьабги эххедегІан хутІизе бегьула гІазу чІчІарал бакІал, гьеб гІаздаца цІоролмугІрул гІезарула, амма 5000 метраялъул борхалъудаса эххедгІан гІазу биунаро гьава-бакъалъул киналгІаги шартІал рукІаниги.




#Article 229: Батуми (172 words)


Бату́ми ( [батуми], 1936 соналде щвезегІан — Бату́м) — ЧІегІераб ралъдал рагІалда бугеб Хъизихъалъул шагьар ва порт, Аджариялъул тахшагьар. ГІуцІула Батуми муниципалитет ва ккола гьанжесеб Хъизихъалъул аслияб туристияб центрлъун. Шагьар машгьураб буго жиндирго тарихияб централдалъунги, туризмалъул районалдалъунги.

Шагьар буго ЧІегІераб ралъдал бакъбаккул рагІалда, на Кахабер гІодоблъиялда, ралъдал гьумералдаса 2–3 метраялъ борхалъуда. ГІоблъиялъул форма буго бащдабмоцІалда релълъараб, жиб шималияб рахъалдаса бакътІерхьуде 7 км-ялъ цІан бегараб. Батумиялъул аслияб бутІа буго Батумиялъул бухтаялъулхъ, жиб Кахабер гІоболъиялъул шималияб рахъалда, Барцхан ваКоролисцкали лъаразул рагІалда бугеб.

Шагьаралъул гІаммаб гІатІилъи буго 64,94 км². (2012 соналде щвезегӀан — 19 км²).

Батумиялда щибаб лъагІалил гІазу-цІадалъул къадар буго 2 435 мм. Ноябрь буго бищун регьел цІикІкІараб моцІ (312 мм), май — бищун ракъдалаб (108 мм). Батуми, кинабниги рагІаллъиялъулаб Аджария гІадин батІабахъула Ракъадагьоркьосебралъадлъиялъул климаталъул тайпабаздалъун (Алисовасул классификация) ва цІикІкІараб термалияб низамалдалъун. Кёппенил классификациялда рекъон, Батумиялъул климат буго рагьлилаб субтропикияб (Cfa). Хурхадулаб рагьлил гьоркьохъеб къадар буго 70–80 %.

Муниципалитет хІисабалда, шагьаралъул къадар 2020 соналъул 1 январалде буго 169 095 чи 2014 соналъул халкъалъул къадаралъул хъвай-хъвагІиялда гьабиялда рекъон шагьаралда вукІун вуго 152 839 чи, 2014 соналъул 1 январалде — 161,2 аз. чи.




#Article 230: Кутаиси (119 words)


Кутаиси (, некІсияб цІар: აია, ქუთაია, ქოითაია, ქოთიაიონი, ქვათათისი — Айа, Кутайа, Койтайа, Котиаиони, Квататиси, Россиялъул империялда — Кутаис) — гуржиязул бищун некІсиял шагьаразул ва гуржи маданияталъул центразул цояб. БакътІерхьул Гуржистаналъул бищун кІвар бугеб тарихияб ва экономикияб центр, Имеретия икълималъул административияб марказ.

Кутаисиялде абула маялъул ва розабазул шагьарилан (). Ахираб нусго соналъул щибаб 2 маялъ тІобитІулеб буго шагьаралъул къо — кутаисоба.

Шагьар буго Риони гІурул кІиябго рахъалда, ралъдадаса 125—300 метраялъ борхалъуда. Шагьаралдаса 22 км-ялъ жанубиябгин бакътІерхьудехун буго халкъаздагьоркьосеб аэропорт Копитнари. Тулписалде щвезе буго 220 км, Потиялде — 100 км, Батумиялде — 150 км, Зугдидиялде — 100 км.

Шагьаралъул цІар бачІун буго гуржиязул ქვა — «гамачІ» абураб рагІудаса, гьелъие гІиллаги буго некІсияб заманалда шагьар жиб Риони гІурул гамачІхІалаб шималияб рагІалда букІин. Цогидаб версиялда рекъон, цІар бачІун буго абха қыҭа — «росу» абураб рагІудасан.




#Article 231: Гуржи мацӀ (203 words)


Гуржи мацІ (ქართული ენა ) — Гуржистаналъул расмияб мацІ, гуржиязул адабияталъулаб ва миллияб мацІ, гъорлъе уна Картвел мацІазде.

Гуржи мацІалъ хІалтІизабула гуржи алипбаялъул аслуялда бугеб хъвай-хъвагІи, жиб фонетикияб принципалда рекъон бараб.

КІалъалезул къадар (1993 соналъ) — гІага-шагарго 4 млн чи жибго Гуржистаналда ва чанго нус азар чи цогидал пачалихъазда — аслияб къагІидаялъ, Россиялда, АЦШ-язда ва Туркиялда.

Хъвавул гуржи мацӀ цебетӀеялъул хронологиялда руго хадусел периодал :

Цо-цо гӀалимчӀагӀаз ахирисеб кӀиго период бикьуларо, щай абуни цӀияб периодалъул гуржи мацӀалъул батӀалъи буго, аслияб хӀалалъ, лексикаялда. 

Гьанжесеб адабияталъулаб гуржи мацӀ цебетӀеялда кӀудияб роль хӀана Илья Чавчавадзеца, Акакий Церетелица, Яков Гогебашвилица, Важа Пшавелаца ва Галактион Табидзеца.

СССР-алъу заманалъ Гуржи ССР-алъул Конституциялда мухӀканго бихьизабун букӀана гуржи мацӀалъул пачалихъияб статус.

ЦӀунун хутӀун руго шуржи мацӀалда хъварал 10–12 аз. гьоркьохъел гӀасрабазул манускрипта.

Гуржи хъвай-хъвагІи баккун буго V гІасруялъул байбихьуда. Цересел гІасрабаздасаго хІалтІизарулел рукІана некІсияб гуржи хъвай-хъвагІи мргловани (асомтаврули); IX гІасруялдаса — нусхури (нусха-хуцури, хуцури; XI гІасруялдаса — мхедрули (мхедрули-хели, саэро) хатІ.

Гьанжесеб гуржи алипбаялда буго 33 хІарп, гьезул щибалъ кьола цо гьаракь: 5 рагьараб ва 28 рагьукъаб.

Гуржи мацІалда буго цебетІураб буссинаби. Буго анкьго игІраб, гьезда гьоркьоб гтечІо аккузатив, амма буго эргатив ва трансформатив. Буго кІиго форма: цолъул ва гІемерлъул. ЦІаралъул гьечІо жинсалъул грамматикияб категория. Цогьумерал гурелги, руго жеги кІи- ва лъабгьумерал фигІлаби.




#Article 232: Сванетия (262 words)


Сване́тия (Свáнети, ) — Гуржистаналъул шималиябгин бакътІерхьуда бугуб мугІрузулаб вилаят, сваназул ватІан.
Территориалияб ва тарихияб рахъалъ Сванетия бикьула ТІасиялдеги Гъоркьиялдеги, гьезда гьоркьоб гІурхъилъунги буго Сванетиялъул бал.

 
ТІасияб Сванетия ( Земо-Сванети) буго Ингури гІурул эххедегІанлъиялда  бугеб мугІрузулаб расалъи, гьелъул гІатІилъи буго 3154 км². Шималияб рахъалдасаги бакъбаккудасаги ТІасияб Сванетияб къан буго Шхара, Ушба, Тетнульди ва ц. тІогьалгун Кавказалъул бетІераб балалъ, жиндасан Хъизихъалъулги Россиялъулги гІурхъи унеб. Жанублъиялда буго Сванетиялъул бал, жиб Кавказалъул бетІераб балада цулеб ва жинца ТІасияб Сванетия бакъбаккудаса къалеб. 

БакътІерхьудаса гьеб мухъ батІалъизабула Кодор къварилъиялдаса Хурум балалъ.

Верхняя Сванетия известна своими архитектурными сокровищами и живописными пейзажами. Выделяются жилые башни, сооружённые главным образом в IX—XII столетиях. Также сохранились древние каменные православные церкви.

ТІасияб Сванетия гъорлъе бачун буго ТІолгодунялалъул ирсалъул объектазул сияхІалде.

Административияб планалда ТІасияб Сванетия гІуцІун буго Семегрелгин ТІасияб Сванетия икълималъул Местии мухъалъ, гьелъул административияб марказги буго Местиа.

Гуржи пачалъи биххун хадуб, XVI гІасруялъул бащалъуда ТІасияб Сванетия номиналго букІана Имеретиялъул пачаясул кверщаликь. Расалъиялъул бакътІерхьул рахъалда лъугьана Дадешкелиани гиназазул чияда бачІеб вилаят, гьелъие цІар щвана Гиназазул Сванетия абун. Расалъиялъул хутІараб, кІудияб бутІаялда, рукІана эркенал жамагІатал, гьеб рахъалда абулаан Эркннаб Сванетия-йилан.

Расалъиялъул кІиябго бутІа номиналго ана Россиялъул империялде гъорлъе (гиназлъи 1833 соналъ, «эркенаб» бутІа 1840 соналъ), амма 1840-лел соназул ахиралде щвезегІан букІинчІо гьеб мухъалда гІурус администрация.

Гъоркьияб Сванетия ( Квемо-Сванети) — Цхенисцкали (Риони гІоралъул кваранаб гІаркьел) ва гьелъул гІаркьел Хеледул лъаралъул ъххедегІанлъиялда бугеб расалъи.

Шималлъиялда Гъоркьияб Сванетия ТІасиялдаса батІа гьабула Сванетиялъул балалъ. Жанубиябги бакътІерхьудаса Эгрис балалъ гІурхъи лъола гьеб мухъалдаги Мегрелиялдаги гьоркьоб, Лечхум балалъ жанублъиялда батІа гьабула гьеб Лечхумиялдаса ва Рачаялдаса бакъбаккуда.

Административияб планалда Гъоркьияб Сванетия гІуцІула Рача-Лехчуми ва Гъоркьияб Сванетия икълималъул Лентехский мухъалъ, административияб марказ — Лентехи.




#Article 233: Мегрел мацӀ (364 words)


Мегре́л мацӀ (рахьдал мацӀалда — მარგალურ ნინა [margalur nina]) —  мегрелазул мацӀ, шималиябгин бакътӀерхьул Гуржистаналда бугеб картвел мацӀазул цояб.

Гьеб мацӀалда кӀалъалезул гӀемерисел руго гӀумру гьабун Самегрелоялда (мегрелазул ракь). КӀалъалезул къалар гӀага-шагарго — 345 азарго чи.

ЦӀаралъул вариантал: мингрел, ивер, эгер. Гуржи мацӀалда хӀалтӀизабулеб цӀар: მეგრული ენა [megruli ena], баср.: odišuri, iveriuli ena. 

Цогидал картвел мацӀазул Мегрел мацӀалде бищун гӀагараб буго Туркиялда тӀибитӀун бугеб Лаз мацӀ, гьелда цадахъ мегрел мацӀалъ гӀуцӀула «зан» къокъа. Гьел мацӀал ратӀалъараб заман баян гьабизе кӀола лексикостатистикаялда: гьезул 100 аслуяб рагӀи бугеб сияхӀалда  данде ккеялъул буго 57 %, жибги глоттохронологиялда рекъон н.щ. VIII гӀасруялде данде кколеб.

Цебе зан мацӀаз кколеб букӀана ЧегӀер ралъдал бакъбаккул рагӀаллъиялъул кинабниги мухъ, амма хадуб гьеб территориялде рачӀана гуржи мацӀалда кӀалъалел, гьез ассимиляция гьабуна бакӀалъул халкъалъе ва байбихьи лъуна гьанжесел гуриязеги аджариязеги.

Мегрел мацӀалъул буго кӀиго цоцаде гӀагараб сверел:

Гьел ратӀарахъула аслияб къагӀидаялъ  фонетикияб ва лексикияб рахъалъ; чӀванкъотӀараб гӀурхъи сверелазда гьоркьоб гьечӀо, гьезда гьоркьоб бичӀчӀунгутӀиги гьечӀо.

КӀалъаялъул мегрел мацӀ хӀалтӀизабула  Мегрелиялда; гьеб хӀалтӀизабула кӀечӀ-баеъаналдаги ва кӀалъалеб мацӀ хӀисабалдаги. Аслияб адабияталъулаб ва хъвавул мацӀ хӀисабалда хӀалтӀизабула гуржи мацӀ, жиб гӀемерисезда лъалеб.

Мегрелазул хъвай-хъвагӀи кириллицаялде бачине хӀал бихьулеб букӀана 1860-лел соназдаса бахъараб.  1899 соналъ Тулписалда басмаялда бахъана «Мингрел азбука», гьениб хӀалтӀизабун букӀана кириллица: А а, Б б, В в, Г г, Ҕ ҕ, Д д, Е е, Ж ж, Џ џ, З з, Ӡ ӡ, Һ һ, Ꙋ ꙋ, І і, Ӄ ӄ, K k, Ҡ k, Л л, М м, Н н, О о, Ҧ ҧ, П п, Р р, С с, Ꚋ ꚋ, Т т, У у, Х х, Ц ц, Ҵ ҵ, Ч ч, Ꚓ ꚓ, Ш ш, Ѵ ѵ.

Гьанжесеб мегрел хъвай-хъвагӀи буго гуржи алипбаги аслуялъе босун гьабураб : ა ბ გ დ ე ვ ზ თ ი კ ლ მ ნ ო პ ჟ რ ს ტ უ ფ ქ ღ ყ შ ჩ ც ძ წ ჭ ხ ჯ ჰ ჸ ჷ.

Фонемияб гӀуцӀиялъе сипатаб буго гӀезегӀан бечедаб консонантизм ва дагьалго рагьарал гьаркьал. Кинабниги буго 29 рагьукъаб фонема, 2 рагьарабгин рагьукъаб, 5 рагьараб ва 1 бащдарагьараб. Унгоял халатал рагьарал ва хӀакъал дифтонгал гьечӀо.

Буго 9 игӀраб. Жиндир гӀуцӀи эргативияб бугеб гуржи мацӀалде данде ккун, Мегрел мацӀалъул синтаксисалда гӀемерисел руго  номинативияб гӀуцӀиялъул гӀаламатал.




#Article 234: Парс мацӀ (528 words)


Парс, Парси, ялъуни жиндирго эндонималдалда Фарси (, , ) буго Гьиндгин европаялъулал мацӀазул Гьиндгин ираналъулаб гӀаркьелалъул ираналъулал мацӀазул жиб кколеб  бакътӀерхьул ираналъулаб мацӀ. Парс мацӀ ккола плюрицентрикияб мацӀлъун, жиб аслияб къагӀидаялъ кӀалъалеб мацӀ хӀисабалдаги бугеб, расмияб къагӀидаялда жибги Ираналдаги Афгъанистаналдаги Таджикистаналдаги хӀалтӀизабулеб, гьебги буго гьоркьоб бичӀчӀиги бугеб лъабго стандартияб варианталда: Ираналъул парс, Дари парс (1958 соналдаса нахъе расмияб цӀар буго Дари) ва Таджик парс (Совет заманалдаса нахъе расмияб цӀар Таджик). Гьелда кӀалъала Узбекистаналда ругел таджикалги,  гьединго гьеб мацӀ хӀалтӀизабула КӀудияб Ираналъул тарихияб ва маданияб сфераялде кколел территорияздаги. Парс мацӀалъе хӀалтӀизабулеб расмияб хъвай-хъвагӀи буго гӀараб аслуялда бугеб парс алипба Ираналдаги Афгъанистаналдаги ва кириллица Таджикистаналда.

Парс мацӀ ккола давамлъун гьоркьохъеб парс мацӀалъул, жибги Сасаниязул мпериялъул (224–651) динияб ва адабияталъул мацӀлъун букӀараб, ахирисеб ккола жиб Ахемениязул империялда (550–330 н. щ.) хӀалтӀизабулеб букӀараб некӀсияб парс мацІалъул давамлъун. Гьеб мацӀалъул байбихьи буго Ираналъул жанубиябгин бакътӀрхьуда бугеб Парс икълималдаса. Грамматика гьелъул буго гӀемерисел европаялъулал мацӀазулазда релълъараб.

Тарихалда жаниб, Парс мацӀ букӀана къадру бугеб маданияб мацӀлъун, жибги БакътӀерхьул Азиялдаги, Жанубияб Азиялдаги Гьоркьохъеб Азиялдаги рукӀарал империяз хӀалтӀизабулеб букӀараб. НекӀсияб парс мацӀалъул хъвай-хъвагӀаби рихьизарун руго нилъеде щвелалде  VӀ ва ӀV гӀасрабазда гьоркьоб заманалда некӀсияб парс лъутӀхъваялда гьарурал хӀалтӀабаз, гьоркьохъеб парс мацӀалъул адабият бихьизабун буго арамеял (пагьлави ваминихеяб) хъвай-хъвагӀабазги, Парфиялъул империялъул заманалда жал гьарурал, ва гьединго руго ӀӀӀ ва X гӀасрабазда гьоркьоб заманалда хъварал мажусазул тӀахьаздаги. ЦӀияб парс адабият тӀегьазе байбихьана гӀарабаз Иран кверде босун хадуб, гьелдаса байбихьун хъвай-хъвагӀи бачуна гӀарабалде, гьелъул бищун цересел хъвай-хъвагӀаби ратун руго ӀX гӀасруялда гьарурал. Парс мацӀ лъугьуна Исламалъул дуняллалда гӀараб мацӀалъул гӀадаб цӀикӀкӀараб кӀвар бугеб мацӀлъун. Парс мацӀалда поэзия хъвай тӀибитӀараб жо букӀана гӀемерал бакъбаккул пачалъиязда.[10] Гьоркьохъел гӀасрабазул парс адабияталъул бищун машгьурал хӀалтӀаби ккола Фирдавсил Шагьнамегь, Румил хӀалтӀаби, ГӀумар ХӀаямил Рубаят, Низамил Панж Ганж, ХӀафизил Диван, Аттар Нишапурил ХӀанчӀазул мантӀикъ ва СагӀади Ширазиясул Гулистан ва Бустан мажмугӀ.

Парс мацӀалъ цӀакъ кӀудияб асар гьабуна мадугьалихъ рукӀарал мацӀазе: ираналъулал, тюрк, армен, гьиндгин ариян, кавказалъул, гьенибго гъорлъ авар мацӀги. ГӀемерал рагӀаби руго авар мацӀалда парс мацӀалдаса рачӀарал. Гьединго цо асар букӀана гӀараб мацӀалдеги, гьелъул гӀемерал рагӀаби рачӀана парс мацӀалде гьоркьохъел гӀасрабазда гӀараб кверщел бугем мехалъ. Парс мацӀ бюрократиялъе расмияблъун бищун букӀана гьеб рахьдалаблъун жидее кколеб букӀинчӀезги, мисалалъе,  ГӀусманияб империялда турказ, яги Афгъанистаналда пуштуназ.

Дунялалда парс мацӀалда кӀалъалезул къадар бахуна 110 миллионалде, гьенир гъорлъе уна парисал, афгъанал, таджикал, гьазарал, Кавказалъул татал ва аймакъал. Персофон абураб термин хӀалтӀизабизе бегьула парс мацӀалда кӀалъалезе.

Парс мацӀ ккола гьиндгин европаялъулал мацӀазул гьиндгин ираналъулаб гӀаркьелалъул ираналъулаб къоялъул бакътӀерхьул ираналъулал мацӀазул цояблъун. Жалго бакътӀерхьул ираналъулал мацӀал рикьула кӀиго гъоркькъокъаялде: жанубиябгин бакътӀерхьул ираналъулал мацӀал, жиндир бищун тӀибитӀараблъун парс мацӀ кколеб, ва шималиябгин бакътӀерхьул ираналъулал мацӀал, жиндир бищун тӀибитӀараблъун курд мацӀ бугеб.

Ираналъулаб парс мацӀалда буго анлъго рагьарабги къоло лъабго рагьукъабги гьаракь.

Тарихияб рахъалъ, парс мацӀалда рагьарал ратӀа гьарулаан халалъиялдалъун. Цебесеб цӀияб парс мацӀалда букӀана щуго халатаб рагьараб (, , , , ) ва лъабго къокъаб рагьараб ,  ва . XVӀ гӀасруялдехун гьанжесеб Ираналъул гӀаммаб икълимлъиялда,  ва лъугьана  гьаракьлъун,  ва лъугьана  гьаракьлъун. Гьединлъидал,басриял  shēr гъалбацӀ vs.  shīr рахь,   zūd хехаб vs  zōr къуватаб гӀадал контрастал тӀагӀун руго. Амма гьеб асасалъул руго гьоркьосарахъиялги, ва цо-цо рагӀабазулъ  ē ва ō гьаракь сверула  ва  гьаракьалде гурел,  яги  дифтонгазде (жал цебесеб цӀия парс мацалда рукӀарал  ва  дифтонгаздаса лъугьарал. Гьединал гьркьосарахъиязул мисал батизе бегьула    (гвангъараб) гӀадал рагӀабазулъ.

Ингилис мацӀалда




#Article 235: ГӀараб хъвай-хъвагӀи (307 words)


ГӀараб хъвай-хъвагӀи ккола гӀараб ва Азиялъулги Африкаялъулги парс, уйгъур, курд, панджаби, синдгьи, балохи, пашто, лур, урду, кашмири, рохинжа, сумали ва мандинка ва цогидалги гӀадал мацӀал хъваялъе хӀалтӀизабулеб хъвай-хъвагӀиялъул система. XV гӀасруялдаса 1928 соналде щвезегӀан гӀараб хъвай-хъвагӀи хӀалтӀизабулаан авар мацӀалъеги (гӀажам). XVӀ гӀасруялде щвезегӀан, гӀараб хъвай-хъвагӀи хӀалтӀизабулаан испан мацӀалда цо-цо текстал хъвазеги. 1928 соналъ реформа гьабизегӀан, гӀараб хъвай-хъвагӀи букӀана турк мацӀалъеги хӀалтӀизабулеб. 

ГӀараб хъвай-хъвагӀи буго жиб хӀалтӀизабулел пачалихъазул гӀемерлъиялъул рахъалъ кӀиабилеб бищун хӀалтӀизабулеб хъвай-хъвагӀиялъул система ва лъабабилеб жиб хӀалтӀизабулел гӀадамазул къадаралъул рахъалъ, латин ва син хъвай-хъвагӀабазда хадуб.

ГӀараб хъвай-хъвагӀи гьабула кваранидаса квегӀиде курсив стилалда, жинда жаниб хӀарпал гьезул рагӀиялда жаниб букӀунеб бакӀалде, цебе-хадур ругеб цогидал хӀарпазде балагьун ункъго батӀияб къагӀидаялда хъвалеб. ХӀарпазул кьучӀаб форма хисуларо. ГӀемерисеб, хӀарпаз рихьизарула яги гӀицӀго рагьукъал, яги рагьукъалги цо чанго рагьарабги гьаркьал, гьедилда рекъон гӀараб хъвай-хъвагӀи ккола яги абжадлъун, мисалалъе, гӀараб алипба, яги хӀакъаб алипбалъун, мисалалъе, цӀияб авар гӀажам. Гьеб гуребги, гӀараб хъвай-хъвагӀиялда гьечӀо бетӀерал хӀарпалги.

Байбихьуда, гӀараб хъвай-хъвагӀи тӀоцебесеб иргаялда жаниб хӀалтӀизабулеб букӀана хирияб Къуръаналъул текстал хъвазе. Ислам тӀибитӀигун, гьеб байбихьана хӀалтӀизабизе аслияб алипбалъун цогидал мацӀазе тӀаде цӀиял ишарабиги журан. Цо-цо версиял, мисалалъе курд, уйгъур ва басрияб боснияб рукӀана абугидаллъун яги хӀакъал алипбаяллъун. Гьеб ккола гьединго гӀараб каллиграфиялъул балъалъул аслулъунги.

ГӀараб хъвай-хъвагӀи дандеккезабун буго гӀараб мацӀалъе гуребги, цогидал батӀи-батӀиял мацӀазеги, гьенирго гъорлъе рачӀуна жал самиял мацӀаллъун кколарел парс, малай ва урду мацӀал. Гьединал дандеккезарияз гъорлъе рачине бегьула хисизарулал яги цӀиял хӀарпал, жидеца гӀараб фонологиялда гьечӀел гьаркьал рихьизарулел. Мисалалъе, гӀараб мацӀалда гьечӀо гьаркьикъаб билабиалияб плозив ( гьаракь), гьединлъидал гӀемерисел мацӀазда гьеб  гьаракь бихьизабизе хӀалтӀизабула хасаб хӀарп, батӀи-батӀиял мацӀазда гьелъие хӀалтӀизабун букӀине бегьулаб батӀи-батӀиял хӀарпалги. Гьел модификациял рикьула кӀиго тӀелалде: тӀоцебеселде гъорлъе рачӀуна гьинд, тюрк ва парс мацӀал, жидее парс модификациял хӀалтӀизабулел, кӀиабилеб тӀелалде гъорлъе уна Гьиндонезиялъул мацӀал, жидер тенденция джави мацӀалде релълъенлъизе бугел.

Боснияб, курд, кашмираб ва уйгхур хъвай-хъвагӀабазда рагьарал хӀарпал хъвачӀого бегьуларо. Гьединаб къагӀидаялда, гӀараб хъвай-хъвагӀи хӀалтӀизабун букӀине бегьула абжадалдаги, гьединго абугидаялдаги.




#Article 236: Гьималаял (426 words)


Гьимала́ял (, «гІазабазул рукӀел», ) — Ракьалда бугеб бищун борхатаб мугӀрузул система. Гьималаял руго Тибеталъул тӀалъиялдаги (шималалда) ва Гьиндалъулгин Гангалъул лъарагӀалда (жанубалда) гьоркьоб. ЦӀакъ загьираб буго климатияб ва тӀабигӀияб гӀурхъи Гьоркьохъеб Азиялъул мугӀрузулал салул авлахъаздаги Жанубияб Азиялъул тропикияб ландшафталдаги гьоркьоб.

Гьималаял руго Гьиндустаналъулги, Непалалъулги, Тибеталъул автономияб мухъалъулги (Китай), Пакистаналъулги, Бутаналъулги, Миянмаялъулги территориялда. Гьималаязул мугӀрул ракьаналъ ккола гьединго Бангладешалъул бищун шималияб бутӀаги.

Гьоркьохъеб ва Жанубияб Азиялъул гӀурхъи цураб бакӀалда Гьималаязул мугӀрузулаб системаялъул буго 2900-ялдаса цӀикӀкӀун км халалъиялде ва  гӀага-шагарго 350 км гӀеблъуде. ГӀатӀилъи буго гӀага-шагарго  650 аз. км². Балазул гьоркьохъеб борхалъи буго гӀага-шагарго 6 км, бищун борхатаб буго 8848 м — Джомолунгма (Эверест). Гьениб буго 10 микьазартӀогь — мугӀрул, ралъдал гьумералдаса борхалъи жидер 8000-идаса арал. Гьималаязул бакътӀерхьул балаздаса шималиябгин бакътӀерхьудехун буго цоги цӀакъ борхатаб мугӀрузулаб система  — Каракорум.

Гьималаязда гӀумру гьабун бугеб халкъалъул аслияб пиша буго хурул магӀишат, климаталъ чо чанго гурони тӀоролазул навгӀал, картошка ва цо-цо цогидал пастӀадулал гурони гӀезаризе рес кьоларо. Хурзал руго гьетӀарал кьерзабахъ гьарун.

Гьиндалъулгин Гангалъул лъарагӀалда тӀаде Гьималаял къулун руго лъабго хӀокӀлъун, гьез гӀуцӀула Сивалик мугӀрул (Церегьималаял), ГьитӀинал Гьималаял (Пир-Панджал, Дхаоладхар и другие балал) ва гьездаса ратӀаго ругел жаниблъаби (Катманду расалъи, Кашмиралъул расалъи ва цогидалги), КӀудиял Гьималаял, жал Ассамалъул, Непалалъул, Кумоан ва Пенджабалъул Гьималаязде рикьулел.

Ралъдал гьумералдасаи борхалъи 8 км бугел тӀогьаз гӀуцӀула КӀудиял Гьималаял, бищун гӀодобегӀан ругел мугӀрул габурлъаби руго 4-ялдаса цӀикӀкӀун километраялъул борхалъуда. КӀудиял Гьималаязе сипатал руго альпияб тайпаялъул балал, кӀудиял борхалъиялъулал контрастал, гучаб цӀеркъай (гӀатӀилъи буго 33 азаргоялдаса цӀикӀкӀун км²). Бакъбаккуласа гьеб мугӀрул-щобалъе гӀурхъилъун буго Брагьмапутраялъул расалъи, бакътӀерхьудаса — Гьиндалъул (гьел гучал гӀораз лъабабго рахъалдасан къан буго киналниги мугӀрузулаб система). Гьималаязул бищун ахирисеб шималиябгин бакътӀерхьул тӀогь буго Нанга-Парбат (8126 м), бакъбаккул — Намджагбарва (7782 м).

ГьитӀинал Гьималаязул тӀогьазул гьоркьохъеб борхалъи бахуна  2,4 километраялде, ва цохӀо бакътерхьул рахъалда ралъдал гьумералдаса борхалъи буго 4 км.

Бищун гьитӀинаб мугӀрул-щоб, Сивалик, буго Брагьмапутраялдаса Гьиндалде щвезегӀан кинабниги мугӀрул системаялда цадахъ, гьелъул борхалъи кибниги гьечӀо 2 километраялдаса цӀикӀкӀара.

Гьималаяздаса байбихьула Жанубияб Азиялъул аслия гӀорал — Гьинд, Ганг, Брагьмапутра.

Гьималаял аслияб къагІидалъ лъугьун руго олигоценалъуллъабил периодалда, альпазулаб орогенезалъул заманалда. Гьедин, гьел ккола дандеккун гІолохъанал мугІрул, жал шималалде кутаклъулел цоцада хадур цокІалал балазгун рорхалъабаз гІуцІарал. Жанубиял мугІрул ракьанал гІуцІун руго аслияб къагІидаялъ хъируялдалъ иваконгломератаз, кьучІал гъулдул ва сверухъ зона — гнейсаз, кристалликиял шистаз, чарангьечІабаз, филлитаз ва магматикиялги метаморфикиялги минералаз. Регионалъе сипатаб буго ракьазул эрозия, жиб сабаблъун эхере ралагьарал  хъитІалги ва ччукІелалги лъугьунеб.

Гьималаязда буго дунялалъул 14-ялдаса 10 микьазартІогь — жидер борхалъи 8 километраялдаса/8 азал метраялдаса цІикІарал мугІрул.

Ракьалъул бищун борхатаб мегІер буго Непалалъулги Чиналъулги Тибеталъул автономияб мухъалъулги гІорхъода. КІиябго улкаялъул пачалихъияб гІурхъи уна мегІералъул балалъул мухъалдасанги тІогьалдасанги. Гьедин, Джомолунгмаялъул шималияб щоб ккола Чиналъул территориялъун, жанубияб — Непалалъул. МегІералъул тІогь буго ралъдал гьумералдаса 8848 метраялъул борхалъуда.




#Article 237: Джомолунгма (270 words)


Джомолу́нгма (, ), Эвере́ст (), Сагарма́тха (), Шэнмуфэн () — Ракьалъул бищун борхатаб тІогь (ралъдал гьумералдаса борхалъи 8848 или 8850 метра).

ТІогь буго Гьималаязул Махалангур-Химал балалъ, жиндасан Непалалъулги Тибеталъул автономияб мухъалъулги (Чин) гІурхъи унеб.

Эвересталъул буго ункъцибилаб пирамидаялъул форма, жанубияб гъвел буго цІикІкІун лабалаб. Жанубияб гъвелалда ва хьалбазда гІазу ва фирн чІчІоларо, гьеб сабаблъун гьел рукІуна гІицІал. Шималиябги бакъбаккул гъажабетІералъул борхалъи буго 8393 м. Ахалъиялдаса тІогьалде борхалъи буго гІ.-ш. 3550 м. ТІогь аслияб къагІидаялъ гІуцІун буго гъоркь хутІарал минералаз.

Жанубалдаса Эверес бухьинабун буго Лхоцзегун (8516 м) С юга Эверест соединяется перевалом Жанубияб кьили (7906 м) абулеб мугІрул габурлъиялъ. Шималалдаса лабалго буссараб бегІербалаб Шималияб кьилиялъ (7020 м) Эверест цолъизабун буго Шималияб тІогьгун — Чангзе (7553 м). Бакъбаккуда лабалго батІалъулеб буго гучаб бакъбаккул къед Кангшунг (3350 м). Массивалдаса киналго рахъазде риун рачІунел руго цІерлъенал, жал 5000 метраялъул борхалъуда лъугІулел.

Джомолунгмаялъул тІогьиб къойил гьоркьохъеб температура июлалда букІуна −19 °С, январалда — −36 °C (бегьула гІодобе ккезе −60 °C-ялде). ТІогьалъул борхалъи борхалъул чІвабилъун чвахиялъул гъоркьияб гІорхъода гІадин букІиналъ, сипатал руго тохлъукьего лъугьунел штормал 160 км/с хехлъиялде рахунел гьуралгун рукІунел. Маялъул ахиралдаса сентябералъул бакьулъе щвезегІан букІунеб роол муссоналъул заманалда бала гІазу.

Жинца Джомолунгма Ракьалда бугеб бищун борхатаб тІогь букІин чІезабурав тоцевесев чи вукІана Гьиндустаналъул математик ва топограф Радханат Сикдар. 1852 соналъ тригонометриялъул хІисаб-суалалги жал анлхидаса дагь гьечІел обсервациязул хІасилазда щварал баяназул компиляцияги гьабун,гьев вачІана XV ТІогь Ракьалда бищун борхатаб бугилан абураб пикруялде, цебе рикІкІунеб букІараб Канченджанга гуреб. Гьес борцана гІага-шагараб борхалъиги, гьебги ккана битІун 29000 фут (8839 м). Сикдарил хІисаб суалалъул хІасилал расмияб къагІидаялъ басма гьаруна 1856 соналъул марталъ.

Нусго соналдасан, 1952—1954 соназ Гьиндустаналъул топографиячагІаз цІидасанги борцана тІогьалъул борхалъи, ва 1955 соналъ географиялъул гІелмуялъ къабул гьабуна гьелъул борхалъи ралъдал гьумералдаса 29028 фут (8848 м) бугеб.




#Article 238: Рукьал (168 words)


Ру́кьал яги Си́риус (), гьединго КІудияб Гьоялъул α () буго КІудияб Гьоялъул цадахъцІвалъиялъул цІва, жибги аслияб серияялъул, A1 спектралияб классалъул кколеб. Сардил зобалъул бищун гвангъарал цІвабзазул цояб; цІвабзазул дунялалда рекордлъун гьечІониги, гьелъул гванлъиялъу цІикІкІараб буго Бакъулалдаса 25 нухалъ — Рукьазул борхатаб бихьулеб кунчІи буго гьеб Ракьалде гІагардегІан букІин сабаблъун.  Гьеб цІва бихьула Ракьалъул бокьараб икълималдаса, цІакъго шималалада ругездаса хутІун. Буго Бакъулаб системаялдаса 8,6 канлъулаб лъагІелалъул манзилалда ва ккола Ракьалде бищун гІагарал цІвабзазул цояблъун.

Рукьазул системаялъул ригь, ,ггьанжесел гІелмиял цІех-рехазда рекъон, буго гІага-шагарго 230 млн сон (къимат кьей буго 200-ялдаса 300 млн соналде щвезегІан). Байбихьуда Рукьазул система гІуцІун букІун буго  В спекртралияб классалъул кІиго хъахІабгин-зодикьераб цІваялдаса: Сириус A-ялъул масса букІана 2 M☉ , Сириус B — 5 M☉. ГІага-шагарго  120 млн соналъ цебе цІикІкІун масса бугеб B Сириусалъ  бухІун лъугІун буго ва багІараб кІудацІваялде сверун буго, хадуб гьеь, къватІисеб гъатги реххун, лъугьун буго хъахІаб гьитІинцІваялъул хІалалъулъе, жинда жакъа къоялъги бугеб. Жакъа къоялъ Сириус B-ялъул  масса буго 1,02 M☉, ва гьеб ккола лъалел хъахІал гьитІинцІвабзазул бищун ракІаздаса цояблъун (тайпаял хъахІал гьитІинцІвабзазул масса букІуна 0,5-0,6 M☉).




#Total Article count: 238
#Total Word count: 90447